<?xml version="1.0" encoding="UTF-8"?>
<bible translation="Avar Инжил Магӏарул [Avaric]" status="© Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008" link="https://www.bible.com/bible/2086/MAT.1.AVRNT">
	<testament name="New">
		<book number="40">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Ибрагьимил наслуялъул Давудил кьибилалъул вас ГІиса МасихІил умумузул цІаразул рахас гьадинаб буго:</verse>
				<verse number="2">Ибрагьимие гьавуна ИсхІакъ, ИсхІакъие гьавуна Якъуб, Якъубие гьаруна Ягьуда ва гьесул вацал.</verse>
				<verse number="3">Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам,</verse>
				<verse number="4">Рамие гьавуна ГІаминадаб, ГІаминадабие гьавуна НахІшон, НахІшоние гьавуна Шалмон,</verse>
				<verse number="5">Шалмоние Рагьабица гьавуна БогІаз, БогІазие Рутица гьавуна Йобед, Йобедие гьавуна Йишай,</verse>
				<verse number="6">Йишаие гьавуна парччахІ Давуд. Уриял йикІарай чІужуялъ парччахІ Давудие гьавуна Сулайман;</verse>
				<verse number="7">Сулаймание гьавуна Регьобоам, Регьобоамие гьавуна Абиягь, Абиягьие гьавуна Аса;</verse>
				<verse number="8">Асае гьавуна Иегьошапат, Иегьошапатие гьавуна Иегьорам, Иегьорамие гьавуна Уззия;</verse>
				<verse number="9">Уззияе гьавуна Иотам, Иотамие гьавуна Агьаз, Агьазие гьавуна Гьезекиягь;</verse>
				<verse number="10">Гьезекиягьие гьавуна Манассегь, Манассегьие гьавуна Амос, Амосие гьавуна Иосиягь;</verse>
				<verse number="11">жугьутІал Вавилоналде гочинарилалде Иосиягьие гьаруна Йехониягь ва гьесул вацал;</verse>
				<verse number="12">Вавилоналде гочун хадув Йехониягьие гьавуна Шеалтиэл, Шеалтиэлие гьавуна Зеруббабел,</verse>
				<verse number="13">Зеруббабелие гьавуна Абиуд, Абиудие гьавуна Элиаким; Элиакимие гьавуна Азор;</verse>
				<verse number="14">Азорие гьавуна Садок, Садокие гьавуна Ахим, Ахимие гьавуна Элиуд;</verse>
				<verse number="15">Элиудие гьавуна Элиазар, Элиазарие гьавуна Маттан, Маттание гьавуна Якъуб;</verse>
				<verse number="16">Якъубие гьавуна жинда МасихІилан цІар лъурав ГІисал эбелалъул — Марямил — рос Юсуп.</verse>
				<verse number="17">Гьедин Ибрагьимидасан Давудиде щвезегІан анцІила ункъо наслу лъугьана; Давудидасан байбихьун жугьутІал Вавилоналде гочинаризегІанги лъугьана анцІила ункъо наслу; Вавилоналде гочараб заманалдаса МасихІиде щвезегІанги лъугьана гьебго анцІила ункъо наслу.</verse>
				<verse number="18">ГІиса МасихІ дуниялалде вачІин гьадин ккана: гьесул эбел Марям йикІана Юсупие абурай яс; амма гьес гьей ячиналдего Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун гьелъул ургьибе лъимер ккун букІин лъана.</verse>
				<verse number="19">Гьелъул абурав Юсупица, яхІ-намус бугев чи вукІиндал, хІукму гьабуна гьей халкъалда суризе бокьичІого, балъгого гьелъулгун ригьин хвезабизе.</verse>
				<verse number="20">Гьединаб пикруялда гьев вукІаго, макьилъ тІаде вачІун Бичасул малаикас абуна: — Я, Давудил наслуялъул вас Юсуп! Марям лъадилъун ячине мун хІинкъуге. Гьелъул ургьибе ккараб лъимер Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун букІин лъай дуда.</verse>
				<verse number="21">Гьелъ дуе вас гьавила; ГІисаян цІарги лъезе ккола дуца гьесда, гьес жиндирго халкъ мунагьаздаса хвасар гьабизе бугелъул.</verse>
				<verse number="22">Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:</verse>
				<verse number="23">«Гьале ясгІаданалъул ургьибе лъимер ккела ва гьелъ вас гьавила. Гьесда цІарги лъела Имануэл». (Гьелъул магІна ккола «Аллагь нилъгун вуго» абураб.)</verse>
				<verse number="24">Гьале Юсуп макьидаса вигьана, Бичасул малаикас абураб гьабун, жиндирго бахІарайги рокъое ячана.</verse>
				<verse number="25">Амма гьелъ вас гьавизегІан, аскІов вегун, гьелда квер хъвачІо Юсупица. Васасда цІарги ГІиса абун лъуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Ягьудиялъул Бетлегьем шагьаралда ГІиса гьавуна Гьерод ханлъун вугеб заманалда. Гьебмехалъ бакъбаккул рахъалдасан Иерусалималде рачІана цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал. Гьез абуна:</verse>
				<verse number="2">— ЖугьутІазул ПарччахІлъун вукІине гьавурав дов вас кив вугев? Зобалазул бакъбаккул рахъалда баккун бихьана нижеда гьев гьавунилан бицунеб цІва. Гьесие сужда гьабизе рачІун руго ниж.</verse>
				<verse number="3">Гьерод ханги, гьесдаго цадахъ Иерусалималъул тІолабго халкъги бихха-хочун лъугьана гьеб хабар рагІидал.</verse>
				<verse number="4">Гьеб халкъалъул киналго чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги данде ракІарун, Гьеродица гьезда гьикъана МасихІилан абулев парччахІ кив гьавизе кколевилан.</verse>
				<verse number="5">Гьез абуна МасихІ Ягьудиялъул Бетлегьем шагьаралда гьавизе кколилан, цо аварагас Аллагьасул калима гьадин хъван бугилан:</verse>
				<verse number="6">«Мунги, Бетлегьем, Ягьудал наслуялъул ракьалдайин бугеб, Ягьудал наслуялъул ракьалда ругел аслиял шагьараздаса къураб жо щибниги гьечІебин дур. Дур гьенив вахъина Дир хирияб Исраилил халкъалъул тІалаб гьабулев Цевехъан».</verse>
				<verse number="7">Гьебмехалъ Гьеродица, цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал балъго жиндихъего ахІун, гьезда цІехон, мухІканго лъазабуна доб цІва кида баккун бихьарабали.</verse>
				<verse number="8">Цинги гьел Бетлегьемалде ритІана, гьеб лъимадул хІакъалъулъ кинабго хІакъикъат лъазабеян. Гьеб Лъимер батараб мехалъ жинда лъазабизе рачІайиланги абуна Гьеродица. Жиндиеги бокьун бугила гьеб Лъимералъе сужда гьабизе.</verse>
				<verse number="9">Ханасулгун хабар-накъит лъугІидал, рахъун ана цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал. Бакъбаккуда доб мехалъ бихьараб цІваги унеб букІана зодисан гьезда цебе-цебе. Кутакаб рохел лъугьана гьезул рекІелъе гьебмехалъ. Ахирги доб лъимер бугеб бакІалда тІад чІана гьеб цІва.</verse>
				<verse number="10"></verse>
				<verse number="11">Рокъоре жанире лъугьиндал, лъимерги батана, лъимадул эбел Марямги ятана. Нодо гІодоб цун сужда гьабуна гьесие цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз. Цере рахъун, гьесие цІакъго хириял сайигъаталги кьуна: меседги, мирраги, кьеккен гьабулеб гьуинаб махІалъул пицІги.</verse>
				<verse number="12">Гьезда макьилъ лъазабуна Гьеродихъе унгейилан. Гьелги батІияб нухалъ тІадруссун ана жидерго улкаялде.</verse>
				<verse number="13">Гьел нахъе индал, гьале Бичасул малаик вачІун вуго Юсупихъе макьилъ. — Гьеб лъимерги бачун, гьесул эбелги ячун, мун вахъун Мисриялде лъуте, — ян абуна малаикас. — ТІадвуссайилан дица абизегІан гьенив чІа. Гьеродида ракІалда буго гьеб Лъимер балагьизе ва чІвазе.</verse>
				<verse number="14">ГьебсагІат тІаде вахъана Юсуп; васги вачун, гьесул эбелги ячун, сардилъго Мисриялде ана.</verse>
				<verse number="15">Гьерод хвезегІан Мисриялда чІана. Гьеб гьедин ккана, цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Мисриялдаса нахъе айилан амру гьабуна дица дирго васасда».</verse>
				<verse number="16">Дол цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз живго гуккаравлъи лъайдал, Гьеродил ццин гьалаглъана. Бетлегьем шагьаралдаги ва гьелда сверухъ ругел бакІаздаги кІиго соналде бахинчІеб бихьинабщинаб лъимер цо течІого чІвазе чагІи ритІана. ЦІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз бицун, мухІканго лъан букІиндалха гьесда доб Лъимер гьабураб заман.</verse>
				<verse number="17">Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима:</verse>
				<verse number="18">«Рамаялдасан рагІулеб буго кутакаб магІил гьаракь. Ракел гІодилей йиго жиндирго лъималазухъ, ракІ-макІ гьабуниги, гІенеккулей гьечІо гьей. ТІокІал гьечІелъулха гьел!»</verse>
				<verse number="19">Гьерод хвараб мехалъ, Мисриялда вукІарав Юсупихъе Бичасул малаик вачІана макьилъ.</verse>
				<verse number="20">Гьес Юсупида абуна: — Васги вачун, гьесул эбелги ячун, вахъун ГІизраилалъул ракьалде а. Гьеб Лъимер чІвазе къасд гьабулел рукІарал чагІи хун руго.</verse>
				<verse number="21">Васги вачун, гьесул эбелги ячун, ГІизраилалъул ракьалде ана Юсуп.</verse>
				<verse number="22">Амма Гьеродил бакІалда Ягьудиялъул ханлъун гьесул вас Архелай вугин рагІидал, гьениве ине хІинкъунги вукІана Юсуп. Макьилъ лъазабун хадуб,</verse>
				<verse number="23">Галилея улкаялде вачІун, Назарет абулеб шагьаралда чІана. Гьедин ритІухълъана назареталдасевилан абилин хадуб гьесдаян аварагзабазда Аллагьас бицун букІараб калимаги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьеб заманаялда Ягьудиялъул гІицІаб авлахъалде вачІуна ЯхІя авараг.</verse>
				<verse number="2">— Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! — абун лъазабулеб букІана гьес.</verse>
				<verse number="3">«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!» — Гьединал рагІаби Аллагьас Ишая аварагасда жиндир хІакъалъулъ абурав чи вукІана ЯхІя.</verse>
				<verse number="4">ЯхІяцайин абуни, варанидул квасул ретІел ретІунаан, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги.</verse>
				<verse number="5">Гьесухъе рачІунел рукІана Иерусалим шагьаралдаса, Ягьудия улкаялдаса, Иордан гІурул тІолабго сверухълъиялдаса гІадамал.</verse>
				<verse number="6">Жидерго мунагьал рехсон хадур, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе, Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.</verse>
				<verse number="7">Лъадалъ ччун рахъизе гІемерисел фарисеялги саддукеялги жиндихъе рачІунел рукІин бихьидал, ЯхІяца гьезда абуна: — ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб?</verse>
				<verse number="8">Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе.</verse>
				<verse number="9">Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.</verse>
				<verse number="10">ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха!</verse>
				<verse number="11">Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж.</verse>
				<verse number="12">Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъги бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, наккуги ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила.</verse>
				<verse number="13">Гьеб заманаялда Галилеялдаса вахъун ГІисаги вачІана Иорданалде ЯхІяца лъадалъ ччун вахъизе.</verse>
				<verse number="14">Амма ЯхІя разилъулев вукІинчІо, гьес ГІисада абуна: — Лъадалъ ччун вахъизе дун духъе вачІине кколеб бакІалда, мун дихъе щай вачІарав? — ан.</verse>
				<verse number="15">Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: — Цин гьадин букІине те. Гьадин щвалде щун тІубазабизе ккола нилъеца Аллагьас нилъедаса тІалаб гьабулебщинаб жо. ГІисаца абухъе гьабизе разилъана гьебмехалъ ЯхІя.</verse>
				<verse number="16">Лъадалъ ччун вахъун гьебсагІат къватІиве лъугьун вачІана ГІиса. Гьебмехалъ зобги кІибикьизабун, миккидул сураталда боржун бачІун, Аллагьасул РухІ ГІисахъе рещтІунеб бихьана.</verse>
				<verse number="17">Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Цинги гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде вачана. Илбисалъ хІалбихьана гьев къосинавизе кІвелародайилан.</verse>
				<verse number="2">Гьенив кІикъого къоялъ ва кІикъого сордоялъ кІал ккун вукІарав ГІиса ахирги вакъана.</verse>
				<verse number="3">БачІун илбисалъ абуна гьесда: — Мун Аллагьасул Вас ватани, чадазде сверайилан амру гьабе гьал ганчІазе.</verse>
				<verse number="4">Гьелъие жаваб гьабун, ГІисаца абуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб, Аллагьасдасан бачІараб щибаб рагІиялъин».</verse>
				<verse number="5">Цинги Мукъадасаб шагьар Иерусалималде вачун, илбисалъ ГІиса Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъола.</verse>
				<verse number="6">Гьелъ абула: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гъоркье кІанцІе! ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе дур рахъалъ амру гьабун буго» ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».</verse>
				<verse number="7">ГІисаца абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге!» — янги хъван буго ТІехьалда.</verse>
				<verse number="8">Гьанже илбисалъ ГІиса цІакъго борхатаб мегІералъул тІогьиве вачуна ва дуниялалъул киналго пачалихъалги ва гьезул кинабго кІодолъи-къудратги бихьизабула гьесда.</verse>
				<verse number="9">Цинги ГІисада абула гьелъ: — Гьаб кинабго дуе кьела дица, бетІер къулун дуца дие сужда гьабуни.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца гьелда абула: — ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе — дурго БетІергьанасе — гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!»</verse>
				<verse number="11">Гьебмехалъ илбисалъ ГІиса живго тола. Гьале малаикзаби рачІана гьесие хъулухъалъе.</verse>
				<verse number="12">ЯхІя гвандинив тІамун вугилан рагІидал, ГІиса Галилеялде ана.</verse>
				<verse number="13">Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана.</verse>
				<verse number="14">Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:</verse>
				<verse number="15">«Забулонил ракь ва Нафталимил ракь! Ралъдахъе унаго нухда бугеб ракь! Иордан гІурул доб рахъалда бугеб ракь! Галилея — цогидал халкъазул ракь!</verse>
				<verse number="16">БецІлъуда букІараб нужер халкъалъе гвангъараб нур загьирлъана, нужер улкаялда хвалил рагІдукь рукІаразе рогьалил бакъ баккана».</verse>
				<verse number="17">Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. — Нуж кантІе, Аллагьасде русса! — ян абулеб букІана гьес. — Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!</verse>
				<verse number="18">Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада вихьана ччугІие гьин рехулев кІиго вац: Пётр абун гьес тІокІцІар лъурав Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.</verse>
				<verse number="19">— Дида цадахъ рилълъа, — ян абуна гьезда ГІисаца. — Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.</verse>
				<verse number="20">Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна.</verse>
				<verse number="21">Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца.</verse>
				<verse number="22">Росода тІад эменги вукІаралъув тун, гьебсагІатго гьелги ана ГІисада цадахъ.</verse>
				<verse number="23">Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.</verse>
				<verse number="24">ТІолабго Сириялда тІибитІана гьесул цІар. Гьесухъе рачун рачІунаан унтуца гІазаб кьолеб бугелги, шайтІабаца ккуралги, унти бачІунелги, палижалъ ккуралги, — батІи-батІияб гІузру бугел гІемерал гІадамал. Гьел киналго сахлъизаруна ГІисаца.</verse>
				<verse number="25">Гьесда хадур рачІунел рукІана Галилеялдасаги, АнцІшагьаралдасаги, Иерусалималдасаги, Ягьудиялдаса ва Иордан гІурул добаб рахъалдаса цІакъ гІемерал гІадамал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">ГІемераб халкъ жинда хадуб бачІунеб бихьидал, ГІиса магІарде вахана. Гьенив гІодов чІун гьев вукІаго, тІаде рачІана гьесул муридал.</verse>
				<verse number="2">Гьезие вагІза гьабун, гьадин абуна ГІисаца:</verse>
				<verse number="3">— Гьардарал гурищ гьел, Аллагьасда цере жал мискинго рукІин лъалел, — гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.</verse>
				<verse number="4">Гьардарал гурищ гьел, гІодулел ругел, — гьел рохизаризе ругелъул.</verse>
				<verse number="5">Гьардарал гурищ гьел, хІалимаб гІамал бугел, — гьезие щвезе бугелъул дуниялалъул кверщел.</verse>
				<verse number="6">Гьардарал гурищ гьел, ритІухълъиялъухъ ракъарал-къечарал, — гьел гІорцІизе ругелъул.</verse>
				<verse number="7">Гьардарал гурищ гьел, гурхІел-рахІму бугел, — гьездаги гурхІизе вугелъул.</verse>
				<verse number="8">Гьардарал гурищ гьел, ракІ бацІцІадго бугел, — гьезда Аллагь вихьизе вугелъул.</verse>
				<verse number="9">Гьардарал гурищ гьел, ракълие рачел къалел, — гьезда Аллагьасул васалилан цІар лъезеги бугелъул.</verse>
				<verse number="10">Гьардарал гурищ гьел, ритІухъго хьвадунилан гІадамаз гІакъуба кьолеб бугел, — гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.</verse>
				<verse number="11">Гьардарал гурищ нуж, — дун сабаблъун нужеда рогьо балеб мехалъги, нужее гІакъуба кьолеб мехалъги, гьечІеб рагІи нужеде абулеб мехалъги — рохизе ругел.</verse>
				<verse number="12">Роха-хинлъун рукІа, разиго рукІа, Зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугин нужее. Цересел аварагзабазеги кьедал гІадамаз гьедин гІазабги гІакъубаги.</verse>
				<verse number="13">Нуж руго гьаб дуниялалъул цІам. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, гьеб кин кІиабизе цІамгІаллъизабилеб? Халкъалъ хІатІикь мерхьине гІодобе бани гурони, сундуениги къваригІунаро гьебмехалъ цІам.</verse>
				<verse number="14">Нуж руго дуниялалъе нур. Борхатаб магІарда бугеб шагьар кин бахчизе кІолеб?</verse>
				<verse number="15">КІалагъоркье гьабун сахІ тІад лъезе гуро чирахъ бакулеб, рокъор ругел киназего канлъи кьезе борхатаб бакІалда лъезейин.</verse>
				<verse number="16">Гьедин нужер нуралъги канлъи кьеги гІадамазе, нужер лъикІал ишал гьезда рихьизе, зобалазда вугев нужер Инсуе гьез реццги гьабизе.</verse>
				<verse number="17">Нужеда ракІалде ккоге дун Мусал къанунги аварагзабазул динги хвезабизе вачІарав чийилан. Гьел хвезаризе гурев, гьел щвалде щун тІуразаризе вачІун вуго дун.</verse>
				<verse number="18">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: зобалги ракьалги тІагІун инегІан, къануналдаса цониги хІучч, цониги тІанкІ тІагІине гьечІо, Аллагьасул къадаралда рекъон кинабго тІубазегІан тІагІинаро гьеб.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал къануналъул бищунго гьитІинабгицин амру жинцаго хвезабуравги гьеб хвезабизе гІадамазда малъаравги бищунго гьитІинавлъун рикІкІине вуго Зобалазул ПарччахІлъиялда. Амма тІубазабулевги ва тІубазабеян цогидазда малъулевги бищунго кІудиявлъун рикІкІине вуго.</verse>
				<verse number="20">Гьале дица нужеда абулеб буго: фарисеязулалдасаги диниял гІалимзабазулалдасаги нужер ритІухълъи цІикІкІинчІони, Зобалазул ПарччахІлъиялде кин рорчІилел нуж?</verse>
				<verse number="21">Нужеда лъала: некІо рукІарал гІадамазеги Аллагьас амру гьабун букІараблъи: «Чи чІваге!» — ян ва: «Чи чІварав чи судалде вачине вуго», — ян.</verse>
				<verse number="22">Дицани нужеда абулеб буго: жиндирго вацасда ццин бахъаравги судалде вачине вуго. Жиндирго вацасда: «Рака! (Вахьна!)» — ян абуравги вачине вуго тІадегІанаб судалде. «ГІабдал!» — ан абуравги жужахІалъул цІадаве ккезе бегьула.</verse>
				<verse number="23">Къурбаналъе жоги бачун, къурбаналъул гьан лъолеб бакІалде унаго, дуда ракІалде щвани дуца вацасул ццин бахъинабун букІараблъи,</verse>
				<verse number="24">дурго къурбанги гьеб бакІалда тун, мун а дов вацасулгун рекъел гьабизе, цинги нахъвуссун вачІун хадуб хъве дуца къурбан.</verse>
				<verse number="25">ДагІбадулас вачун, судалде унаго, нухдаго рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе гІедегІе. Гурони, гьес мун судиясухъе щвезавила, судияс гІеласухъе кьела, цинги гвандиниве рехила.</verse>
				<verse number="26">ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дур ахирисеб шагьи-пара лъугІичІого, гьениса къватІивеги ворчІиларо.</verse>
				<verse number="27">Нужеда лъала: «зина гьабуге», — ян амру букІараблъи.</verse>
				<verse number="28">Дицани нужеда абулеб буго: чІужугІаданалъухъ хъублъи-хъахІбалъи ракІалде ккун валагьаравщинав чиясул рекІелъ гьелдехун зина лъугьанин.</verse>
				<verse number="29">Дур кваранаб бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе рехизегІан.</verse>
				<verse number="30">Дур кваранаб квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе ккезегІан.</verse>
				<verse number="31">ЧІужу йиччан толев чияс гьелда цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кье гьелъухъеян хъван букІана.</verse>
				<verse number="32">Дицани нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун, цогидаб гІиллаялъе гІоло чІужу йиччан таравщинав чи ккола зинаялда хьвадизе гьей тІамулев чилъун. Цогидас йиччан тарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола.</verse>
				<verse number="33">Цоги нужеда лъала некІо рукІарал гІадамазеги: «Бараб гьа биххуге, нагагь мун гьедани, Аллагьасукьа хІинкъун гьеб гьа тІубазабе» — ян амру букІараблъи.</verse>
				<verse number="34">Дицани нужеда абулеб буго: киданиги гьедаруге. ЗобалхІаянги гьедуге — зодисанин Аллагьасул амру рещтІунеб.</verse>
				<verse number="35">РакьалхІаянги гьедуге — ракьалдайин Аллагьасул кверщел тІибитІун бугеб. Иерусалималъул цІаралдалъунги гьедуге — гьеб буго кІудияв ПарччахІасул шагьар.</verse>
				<verse number="36">«Дир бетІералхІа», — янги гьедуге, дурго бетІералда цониги рас я хъахІлъизабизе, я чІегІерлъизабизе кІоларо дуда.</verse>
				<verse number="37">Бугелда бугин абе, гьечІелда гьечІин абе, хутІарабщинаб рагІи илбисалдасан бачІараб буго.</verse>
				<verse number="38">Нужеда лъала: «Бералъухъ къисасалъе бер бахъе, гІусалъухъ гІус бахъе», — янги амру букІараблъи.</verse>
				<verse number="39">Дицани нужеда абулеб буго: квешлъи гьабурасда дандечІоге. Дур кваранаб кІаркьеналда кьабуни, квегІаб кІаркьенги ккве гьесда цебе.</verse>
				<verse number="40">Къадиясухъе вачун, духъа гурде бахъизе бокьарасе, тІаса бахъун дурго гІабаги кье.</verse>
				<verse number="41">Цо километралъ мун хІалица вачарасда цадахъ кІиго километралъги а.</verse>
				<verse number="42">Гьарарасе гьарарабги кье, налъуда кьеян вачІаравги нахъчІваге.</verse>
				<verse number="43">Нужеда лъала: «Дуда аскІов вугев чи вокьа» — ян ва «дурго тушман риха», — ян амру букІараблъи.</verse>
				<verse number="44">Дицани нужеда абулеб буго: нужерго тушбаби рокьа, нужее гІазаб-гІакъуба кьолелги дугІадулъ рехсе.</verse>
				<verse number="45">Зобалазда вугев нужер Инсул васаллъун лъугьина нуж гьебмехалъ. Щайгурелъул гьес бакъ баккизабула лъикІазеги квешазеги, гьес цІад базабула рацІцІадазеги хъубазеги.</verse>
				<verse number="46">Нуж рокьулел гІадамал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Гьебго жо гурищ магъало бакІарулел чагІазгицин гьабулеб?</verse>
				<verse number="47">Нужерго вацазе гурони нужеца салам кьолеб гьечІони, кири кинаб букІинеб? Гьебго жо гурищ Аллагь лъаларезги гьабулеб?</verse>
				<verse number="48">Гьединлъидал нужги камилаллъун рукІа, Зобалазда вугев нужер Эмен камилав вугев гІадин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин.</verse>
				<verse number="2">Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.</verse>
				<verse number="3">Дуца садакъа гьабулеб мехалъин абуни, кваранаб квералъ кьолаго квегІаб квералдацин лъазе биччаге.</verse>
				<verse number="4">Балъго хутІизе те дурго садакъа, балъгоябги лъалев нужер Инсуца кири кІодо гьабила дуе гьелъухъ.</verse>
				<verse number="5">ДугІа гьабизе бокьани, гІадамазда бихьизе гІоло, синагогабаздаги къватІахъги рахъун чІун Аллагьасде ахІдолел, ххвелал гьаризе бокьулел гІадамаз гІадин, гьабуге нужеца дугІа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.</verse>
				<verse number="6">Дуца дугІа гьабулеб мехалъин абуни, къан нуцІагун жанивги чІун, гьаре вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуда. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе.</verse>
				<verse number="7">ДугІа гьабулаго, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамал гІадин, гІемерав гъулгъудизеги гъулгъудуге. Гьезда ккола халат гьабунагІан дугІа къабуллъулебилан.</verse>
				<verse number="8">Гьезда релълъун лъугьунге: нужеца гьарилалдего лъала нужер Инсуда сунде хІажалъун нуж ругелали.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал дугІа гьадин гьабе: Я, Зобалазда вугев нижер Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги.</verse>
				<verse number="10">Зобалаздаго гІадин ракьалдаги дур амру билълъанхъаги.</verse>
				<verse number="11">Жакъа нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее.</verse>
				<verse number="12">Нижер налъи-хІакъалда тІасаги лъугьа, нижерго налъулазда тІаса нижги лъугьарал ругин.</verse>
				<verse number="13">Нижер хІалбихьизеги биччаге, Квешалдаса цІуне ниж.</verse>
				<verse number="14">Квешлъи гьабурал гІадамазда нуж тІасалъугьани, Зобалазда вугев нужер Эменги нужеда тІасалъугьина.</verse>
				<verse number="15">Нуж гІадамазда тІасалъугьинчІони, нужедасан ккараб мунагь-хатІаялда тІасалъугьинаро Зобалазда вугев нужер Эменги.</verse>
				<verse number="16">КІал ккураб мехалъги нуж, дол ххвелал гьаризе бокьулел чагІи гІадин, тату хун рукІунге. Жидеца кІал ккун букІин гІадамазда бихьизе, букІкІинабун гьумергун, рукІуна гьел. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.</verse>
				<verse number="17">Мунин абуни, кІал ккураб мехалъ, махІ гьуинаб нахги бетІералда бахун, гьумерги чурун, чІинкьа-кІитІун вукІа.</verse>
				<verse number="18">ГІадамазда бихьизе гІоло гурелъул дуца кІал ккун бугеб, вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуе гІололъидал. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе.</verse>
				<verse number="19">Ицицаги кунеб, кьавуги чІвалеб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулеб гьаб дуниялалъул хазина данде гьабуге нужеца.</verse>
				<verse number="20">Ицицаги кунареб, кьавуги чІвалареб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулареб зобалазул хазина данде гьабе.</verse>
				<verse number="21">Дур хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул дур ракІги.</verse>
				<verse number="22">Бер — гьеб буго черхалъул чирахъ. Дур берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъила.</verse>
				<verse number="23">Берал канлъукъал ругони, тІолабго черхги бецІлъила. Дулъ бугеб канлъиги бецІаб бугони, кигІан бецІабха жибго бецІлъи букІинеб!</verse>
				<verse number="24">Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе; цояв гьесда рихина, цогидав вокьила; яги цоясе лагълъи гьес ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе.</verse>
				<verse number="25">Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. Квандаса цебесеб гьечІищ рухІ, ратІлидаса цебесеб гьечІищ черхги.</verse>
				<verse number="26">Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж?</verse>
				<verse number="27">Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе?</verse>
				<verse number="28">РатІлие гІологи щай нуж хъалхъадулел? ТІугьдузухъ ралагье нуж, кин гьел рижун ругелали. Гьел я хурир хІалтІуларо, гьез я кун дургъуларо.</verse>
				<verse number="29">Амма дица нужеда абулеб буго: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдаги Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел.</verse>
				<verse number="30">Ле, божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб бугеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!</verse>
				<verse number="31">Гьединлъидал щибдай кваналаян, яги щибдай гьекъелаян, ялъуни щибдай ретІинаян абун хъалхъадуге.</verse>
				<verse number="32">Гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъаларезги тІалаб гьабулеб жо. Зобалазда вугев нужер Инсуда лъала гьеб кинабго нужее хІажалъулеблъи.</verse>
				<verse number="33">Нужеца цин тІалаб гьабе нужго Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, гьесул амру тІубазабизе. ХутІараб кинабгойин абуни нужее тІадеги кьела.</verse>
				<verse number="34">Метерисеб къоялъул ургъел гьабуге. Метерисеб къоялъ жинцаго гьабила жиндирго милат. Щибаб къоялъ нужее гІунги тІокІ букІина гьеб къоялъ гьабизе жо.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Нужеца чияда гІайиб чІваге, Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо.</verse>
				<verse number="2">КигІанасеб гІайиб нужеца гІадамасда чІваниги, гьедигІанаб гІайиб Аллагьас нужедаги чІвазе буго. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги.</verse>
				<verse number="3">Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб?</verse>
				<verse number="4">Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай», — ян гьесда абизе, дурго бадиб чІалу букІаго?</verse>
				<verse number="5">Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.</verse>
				<verse number="6">Нужерго хирияб-мукъадасаб жо гьабзазе баге, жавгьар-якъут болъоназда цебе рехуге. Болъоназ гьеб малакь мерхьина, тІаделъун нужги тІутІун рала.</verse>
				<verse number="7">Гьаре нужеца — нужее кьечІого толаро; балагье нужеца — батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе — гьеб рагьичІого толаро.</verse>
				<verse number="8">Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула.</verse>
				<verse number="9">Нужеда гъорлъ вугищ цониги чи, васас чед гьарараб мехалъ, гьесухъе гамачІ кьолев?</verse>
				<verse number="10">Яги ччугІа гьарани, гьесухъе борохь кьолев?</verse>
				<verse number="11">Нужго квешал ругониги, нужеца лъималазе лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе лъикІабщинаб жо кигІан цІикІкІундай кьелеб зобалазда вугев нужер Инсуца!</verse>
				<verse number="12">ГІадамаз нужеего гьабизе бокьулеб жо, нужеца гІадамазеги гьабе. Гьеле гьебин Мусал Къануналдаги аварагзабазул ТІухьдуздаги бугебщиналъул аслу-кьучІ.</verse>
				<verse number="13">ЧІедераб нуцІихъан лъугьа нуж жанире, — гІебал кавабазги гІатІидаб нухалъги гІадамал хвалде рачунелъул. Халкъалъул руккелалги гьенисан унел ругелъул.</verse>
				<verse number="14">Абадияб гІумруялде гІадамал рачуна чІедераб нуцІицаги къваридаб нухалъги, амма дагьазда батула гьеб.</verse>
				<verse number="15">Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал.</verse>
				<verse number="16">Гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел. Зазил хъархъидаса цІибил бетІарабищ нужеца, тІетІелоялдаса инжирги бетІарабищ?</verse>
				<verse number="17">ЛъикІаб гъотІоца лъикІаб пихъ кьола, турараб гъотІода бижараб пихъ квешаб букІуна.</verse>
				<verse number="18">ЛъикІаб гъотІода квешаб пихъ бижизе рес гьечІо, турараб гъотІоца лъикІаб пихъги кьоларо.</verse>
				<verse number="19">ТІад лъикІаб пихъ бижулареб гъветІ къотІун цІадабе рехула.</verse>
				<verse number="20">Гьедин, гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел гьересиаварагзаби.</verse>
				<verse number="21">«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» — абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи.</verse>
				<verse number="22">Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?»</verse>
				<verse number="23">Гьебмехалъ дица гьезда лъазабила: «Дида рихьарал чагІицин гуро нуж. ТІагІа дида аскІоса, квешлъиялда хьвадараб уммат!»</verse>
				<verse number="24">Гьединлъидал дир гьал рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарулевщинав чи релълъуна, тІалде щвезегІан кьучІги бухъун, мина барав цІодорав чиясда.</verse>
				<verse number="25">ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, — доб минаялде тІаделъана гьел. Амма мина биххичІо, тІалда тІад букІиндал гьелъул кьучІ.</verse>
				<verse number="26">Амма дир гьел рагІабазухъ гІенекканиги, гьел тІуразаричІевщинав чи релълъуна салуда тІад мина барав ахІмакъав чиясда.</verse>
				<verse number="27">ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, — доб минаялде тІаделъана гьел. Мина биххана, щущан ана, чІваднал хутІана.</verse>
				<verse number="28">Гьале ГІисаца жиндирго вагІза лъугІизабуна. Халкъ гІажаиблъун хутІана, гьес вагІза гьабулеб куц бихьун.</verse>
				<verse number="29">Гьезул диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">МагІардаса гъоркье гІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб.</verse>
				<verse number="2">Гьале барасалъ унтарав цо чи, гьесда аскІовеги вачІун, накабаздаги чІун, гьардезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе.</verse>
				<verse number="3">ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца гьесда абуна: — Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе.</verse>
				<verse number="5">ГІиса Капернаумалде щведал, румазул рагъухъабазул цо нусилбетІерас, аскІовеги вачІун, гьарана:</verse>
				<verse number="6">— Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев.</verse>
				<verse number="7">Гьев сахлъизавизе вачІинин абуна ГІисаца гьесда.</verse>
				<verse number="8">НусилбетІерас абуна: — Я, БетІерчІахъад! Мун къавулъе лъугьине мустахІикъав чи гуро дун. Цо рагІи абе дуца, гьелдалъун сахлъила дир рагьтІател.</verse>
				<verse number="9">Дунги вуго тІадехун ругезул амру тІубазабулев, дир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев уна. ВачІайилан цогидасда абуни — вачІуна. Пуланаб иш тІубазабейилан абуни, рагьтІателас гьеб тІубазабула.</verse>
				<verse number="10">Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна: — Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.</verse>
				<verse number="11">Машрикъалдаса ва магърибалдаса гІемерал гІадамал рачІина ва Зобалазул ПарччахІлъиялда Ибрагьимидаги, ИсхІакъидаги, Якъубидаги аскІор квана-гьекъезе гІодор чІела.</verse>
				<verse number="12">Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел.</verse>
				<verse number="13">Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна: — Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе. РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила.</verse>
				<verse number="14">Цинги Пётрил бакІалде щведал, гьесул якьад цІа-кан бахун бусада егун ятана ГІисада.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьелъул квер ккуна. ЦІа-канги ун, якьад тІаде яхъана ва гьесие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.</verse>
				<verse number="16">МаркІачІубер рукІкІарабго, ГІисахъе рачун рачІана жундуз ккурал гІемерал гІадамал. Амру гьабун рачахъана гьес жундул. Киналго унтаралги сахлъизаруна.</verse>
				<verse number="17">Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесин росун арал нижер гІузраби, нижер унтабиги раччун ана гьес».</verse>
				<verse number="18">Жиндаго сверухъ халкъалъул руккел бихьидал, ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколин нилъилан.</verse>
				<verse number="19">АскІове вачІун цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: — Я, НасихІатчи, мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги.</verse>
				<verse number="20">ГІисаца гьесда абула: — Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо.</verse>
				<verse number="21">Цоги муридас абуна гьесда: — Я, БетІерчІахъад! Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьесда абуна: — Хвараца рукъизе хварал чагІиги тун, мун дида цадахъ вилълъа, — ян.</verse>
				<verse number="23">ГІиса росода рекІараб мехалъ, муридалги ана гьесда цадахъ.</verse>
				<verse number="24">Гьале кутакаб гьури бахъана, ралъад гьалаглъана, карачалабаз раса тІерхьинабизехъин букІана. Гьебмехалъ ГІиса кьижун вукІана.</verse>
				<verse number="25">— Я, БетІерчІахъад! Нилъ гъанкъизехъин руго! Хвасар гьаре! — янги абун, муридаз ворчІизавуна гьев.</verse>
				<verse number="26">ГІисаца гьезда абуна: — Я, иман дагьаб уммат! Щай нуж хІинкъулел? ТІадеги вахъун амру гьабун гьес гьури къотІизабуна. Ралъад гІодобе буссана. ТІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.</verse>
				<verse number="27">Гьуриги ралъадги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан гІажаиблъун хутІана гІадамал.</verse>
				<verse number="28">Ралъад бахун добехун бугеб гадареназул ракьалде щведал, ГІисада ватана жундуз ккурав кІиго чи, хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев. Гьеб рахъалдасан ине лъиданиги кІолареб хІалалда гІасилъун рукІана гьел.</verse>
				<verse number="29">Гьале гьел ГІисаде ахІдезе лъугьана: — Ле, Аллагьасул Вас, нижедасан щиб дуе къваригІараб? Заман щвелалдего нижее гІакъуба-гІазаб кьезейищ мун вачІун вугев? — абун.</verse>
				<verse number="30">Болъоназул кІудияб рехьедги бугоан доба рикІкІадегІан кваналеб.</verse>
				<verse number="31">КІиявго чиясулъ ругел жундуз ГІисада гьарана: — Дуца ниж рачахъулел ругел ратани, гьадаб болъоназул рохьдолъе ритІе, — ян.</verse>
				<verse number="32">Айилан абуна ГІисаца гьезда. Гьедин ун болъоназулъе лъугьана гьел жундул. Гьале тІолабго рехьед цо борхатаб бакІалдасан ралъдалъе кІанцІун, лъадалъ гъанкъана.</verse>
				<verse number="33">Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана. Шагьаралдеги рачІун, жундуз ккурав дов кІиявго чиги рехсон, гІадамазда бицана гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="34">Гьебмехалъ шагьаралъул тІолабго халкъ ГІисада аскІобе бачІана. Гьев вихьаравго, жидер ракьалдаса нахъе айилан гьарана гьез.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Добго росодаги рекІун, ралъадги бахун, ГІиса жиндирго шагьар Капернаумалде тІадвуссана.</verse>
				<verse number="2">Гьале туртида лъун гьесухъе восун вачІана палижалъ ккурав чи. Гьезул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: — ХІинкъуге, дир вас, мунагьаздаса вацІцІалъилин мун!</verse>
				<verse number="3">Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна, Аллагьасде гІасилъун вугин гьавилан.</verse>
				<verse number="4">Гьезул пикруги бичІчІун, ГІисаца абуна: — Щай нужеца квешаб пикру нужерго рекІелъе биччалеб?</verse>
				<verse number="5">Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги: «ТІаде вахъун вилълъанхъейилан» абизейищ?</verse>
				<verse number="6">Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги гьес унтарасда абуна: — ТІаде вахъа. Дурго турутги босун, рокъове а, — ян.</verse>
				<verse number="7">ТІадеги вахъун, жиндирго рокъове ана гьев чи.</verse>
				<verse number="8">Гьеб бихьидал, халкъалъул руккел кутакалда хІинкъула, инсанасе гьединаб ихтияр кьурав Аллагьасе рецц гьабизе лъугьуна.</verse>
				<verse number="9">Гьениса нахъе унаго, ГІисада нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана Матфей абулев цо гьеб ишалъе тІамурав чи. ГІисаца гьесда абуна: — Дида цадахъ вилълъа, — ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьев.</verse>
				<verse number="10">Гьале гьесул рокъов кваналев вукІана ГІиса. РачІун гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу.</verse>
				<verse number="11">Гьеб бихьидал, фарисеяз ГІисал муридазда абуна: — Магъало бакІарулел чагІаздаги ва цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодовги чІун щай гьав нужер мугІалим кваналев?</verse>
				<verse number="12">Гьеб рагІидал, ГІисаца гьезда абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин.</verse>
				<verse number="13">Гьанже нуж ун лъикІ, Аллагьасул гьадинал рагІабазул магІна лъазабизе: «Нужер къурбанал рокьун гьечІо дие, нужедаго гьоркьоб гурхІел-рахІму бокьун буго». Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дун вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин.</verse>
				<verse number="14">ЯхІял муридал рачІана ГІисада аскІоре: — Нижецаги фарисеязги кІал ккола, гьал дур муридаз кІал щай кколареб? — ан гьикъана гьез.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзаби къваридго-пашманго рукІине бегьилищ? РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги.</verse>
				<verse number="16">ЦІияб ххамил рукъи басрияб ратІлида баларо лъицаниги, — цІияб букъун хадуб, басриябги бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила.</verse>
				<verse number="17">Гьединго басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги тІоларо. Гьелъ рахълъен багьизабила, чагъирги гІодобе чвахила, рахълъенги хвела. ЦІияб чагъир цІияб рахълъеналъубе тІуни, цонигиялъе зарал ккеларо.</verse>
				<verse number="18">Гьедин гьезие хабар бицунев ГІиса вукІаго, аскІовеги вачІун, цо хІакимас накалда чІун гьарана гьесда: — ГьабсагІат хвана дир яс. ВачІун дуца цо квер хъвани, чІаголъила гьей.</verse>
				<verse number="19">Вахъун гьесда цадахъ ана ГІиса, муридалги рахъана гьесда хадур.</verse>
				<verse number="20">АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай цо чІужугІаданалъ къотІносан унев вукІарав ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда нахъасан ячІун квер хъвана.</verse>
				<verse number="21">ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда.</verse>
				<verse number="22">Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: — ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан.</verse>
				<verse number="23">Дов хІакимасул бакІалде гьал щведал, щвантІих пулел чагІи рачІун ратана гьенире. Руччабиги ругоан магІаби гьарулел.</verse>
				<verse number="24">ГІисаца гьезда абуна: — Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, — ян. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана.</verse>
				<verse number="25">ГІадамал къватІире ритІидал, гьей ясалда аскІовеги ун, ГІисаца гьелъул квер ккуна, — яс тІаде яхъун ячІана.</verse>
				<verse number="26">Гьеб лъугьа-бахъиналъул хабар тІибитІана гьеб рахъалъул кинабго халкъалда гьоркьоб.</verse>
				<verse number="27">ГІиса гьениса тІадвуссун унаго, кІиго бецав чи вачІунев вукІана хаду-хадув. — Я, Давудил Вас ГІиса! ГурхІа мун нижеда! — ян ахІулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="28">Рокъове щведал, кІиявго бецав чи вачІана гьесда аскІове. ГІисаца гьезда гьикъана: — Нужеца гьарараб жо дида гьабизе кІвеялда божулищ нуж? — ан. — Божула, БетІерчІахъад, — абун жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="29">— Нуж божараб жо лъугьаги нужее, — янги абун, гьезул беразда квер хъвана ГІисаца.</verse>
				<verse number="30">Канлъи бихьун, берал рагьун рачІана гьезул. Воре, лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="31">Амма гьеб рахъалъул тІолабго халкъалда гьоркьоб тІибитІизабуна гьез ГІисал хІакъалъулъ хабар.</verse>
				<verse number="32">Гьел къватІире индал, ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав мацІ лъаларев чи.</verse>
				<verse number="33">ГІисаца жен бачахъидал, гаргадизе кІвана гьесда. Исраилил халкъалда гьоркьоб гьединаб лъугьа-бахъин киданиги ккун букІинчІилан гІажаиблъун хутІана гІадамал.</verse>
				<verse number="34">Фарисеязни абулеб букІана жундул рачахъизе гьесие жундузул ханас кумек гьабулеб бугилан.</verse>
				<verse number="35">ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.</verse>
				<verse number="36">Халкъалъул руккел бихьун, гьев гурхІана, чара хун ва бакъхІан, вехь гьечІеб гІи гІадин, гьел рукІиндал.</verse>
				<verse number="37">Гьебмехалъ жиндирго муридазда абуна гьес: — Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго.</verse>
				<verse number="38">Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">АнцІила кІиго муридги ахІун, ГІисаца гьезие ихтияр кьуна жундул рачахъизе ва кинабго унти, кинабго щокълъи гІадамазда тІаса инабизе.</verse>
				<verse number="2">Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн,</verse>
				<verse number="3">Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей,</verse>
				<verse number="4">Симон Кананит ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот.</verse>
				<verse number="5">Гьев анцІила кІиявго чапар витІана ГІисаца, гьадинаб насихІатги гьабун: — Гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамазухъе унеб нухдеги лъугьунге нуж, самариязул шагьараздеги хІетІе чІоге.</verse>
				<verse number="6">Нуж а нух къосун хутІарал чахъаби гІадин бугеб Исраилил халкъалъухъе.</verse>
				<verse number="7">Инеги ун лъазабе Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугилан.</verse>
				<verse number="8">Унтарал сахлъизаре, хварал чІаголъизаре, барасалъ черх бацарал рацІцІалъизаре, жундул рачахъе; нужееги чІобого щвана, нужецаги чІобого кье.</verse>
				<verse number="9">Я месед, я гІарац, я пахьул шагьаби цадахъ росуге;</verse>
				<verse number="10">таргьа-къвачІаги босуге, хисизе ретІелги босуге, хьиталги росуге, гІунтІизе гІунсбиги росуге. ХІалтІухъанасе квен хІалалаб бугелъул.</verse>
				<verse number="11">Пуланаб шагьаралде яги росулъе щведал, нужго тІад рещтІине мустахІикъав чи валагье ва нахъе инегІан гьесухъ гьоболлъухъ чІа.</verse>
				<verse number="12">Рокъоре жанире лъугьунаго саламги кье.</verse>
				<verse number="13">Саламалъе мустахІикъаб рукъ гьеб бугони, биччанте салам гьезде щвезе, гьечІони — гьеб нужедего буссине биччанте.</verse>
				<verse number="14">Ваамма нуж къабулги гьаричІони, нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьеб рокъоса яги шагьаралдаса къватІире рахъунаго нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те.</verse>
				<verse number="15">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: къиямасеб къоялъ Содомалъул ва Гоморраялъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса.</verse>
				<verse number="16">БацІазда гъорлъе чахъаби гІадин ритІулел руго дица нуж. Борхьал гІадин цІодорго рукІа, маккал гІадин хІеренго рукІа.</verse>
				<verse number="17">ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила.</verse>
				<verse number="18">Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="19">Судалде ахІидал щибдай бицинаян ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе бачІараб жо абе.</verse>
				<verse number="20">Щайгурелъул, нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе нужер Инсудасан рещтІараб РухІин кІалъазе бугеб.</verse>
				<verse number="21">Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго; жидерго эбел-инсуда данде рахъун лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе.</verse>
				<verse number="22">Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.</verse>
				<verse number="23">Цо шагьаралда нужее гІазаб-гІакъуба кьуни, цоги шагьаралде лъуте. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер къудратгун вачІинегІан ГІизраилалъул киналго шагьаразде щвезе бажариларо нужехъа.</verse>
				<verse number="24">Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил, лагъги вукІунаро жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав.</verse>
				<verse number="25">Жиндирго мугІалимасда ващалъани, гІола мутагІиласе, жиндирго бетІергьанасда ващалъани, гІола лагъасеги. Рукъалъул бетІергьанасда жундузул ханилан цІар лъун бугони, гьесул рукъалъул агьлуялда кигІан квешаб цІардай лъела.</verse>
				<verse number="26">Гьедин бугониги, гьезукьа хІинкъуге нуж! Щайгурелъул кинабго балъгоябщинабги загьирлъулелъул, бахчун тарабги тІатунелъул.</verse>
				<verse number="27">Гьаб сардил бецІлъукье дица нужеда бицунеб бугеб рагІи бакъул канлъухъе бице нужеца; нужер гІинзукье дица щурулеб бугебабги тІохаздеги рахун лъазабе нужеца.</verse>
				<verse number="28">Нужер черх чІвазе кІолезукьа хІинкъуге нуж, — рухІ чІвазе кІоларелъул гьезда. Нуж хІинкъа нужер рухІги черхги жужахІалъубе рехизе кІолев Аллагьасукьа.</verse>
				<verse number="29">Цо пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб кІиго къадако. Амма нужер Инсул хІукму гьечІони, гьезул цонигияб хун ракьалде бортун бачІунаро.</verse>
				<verse number="30">Нужер хІакъалъулъ абуни, бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел.</verse>
				<verse number="31">Гьединлъидал нуж хІинкъуге: киналго къудкуздаса хириял руго нуж.</verse>
				<verse number="32">ГІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул дицаги зобалазда вугев дир Инсуда цебе рахъ кквезе бугебха.</verse>
				<verse number="33">ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила.</verse>
				<verse number="34">Нужеда ракІалде ккоге дун ракьалде рекъелги босун вачІун вугевилан. Рекъелги босун гурев, хвалченги босун вачІун вуго дун.</verse>
				<verse number="35">Дун вачІун вуго васасдаги инсудаги гьоркьоб, ясалдаги эбелалдаги гьоркьоб, нусалдаги якьадалдаги гьоркьоб рикьи ккезабизе.</verse>
				<verse number="36">Инсанасул тушман ккола гьесул рукъалъул агьлу.</verse>
				<verse number="37">Дидаса цІикІкІун жиндирго эбел-эмен рокьулев чи ярагьунаро дие. Дидаса цІикІкІун жиндирго лъимал рокьулев чиги ярагьунаро дие.</verse>
				<verse number="38">Живго тІад вазе хъанчги баччун, дида цадахъ вилълъунарев чиги ярагьунаро дие.</verse>
				<verse number="39">Жиндирго гІумру цІунун чІарав чи гьелдаса махІрумлъила; дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъарас гьеб хвасар гьабила.</verse>
				<verse number="40">Нуж къабул гьарурав чи ккола дунги къабул гьавурав чилъун, дун къабул гьавуравги ккола дун витІарав Аллагь къабул гьавурав чилъун.</verse>
				<verse number="41">Гьев авараг вугилан абун, авараг къабул гьавурав чиясе аварагасе гІадинаб кири щвела. Гьев муъминчи вугилан абун, муъминчи къабул гьавурав чиясе муъминчиясе гІадинаб кири щвела.</verse>
				<verse number="42">Дир мурид вугилан абун, цо пуланав, пакъирав чиясе гел цІун цІорораб лъим кьуравги, хІакълъун абулеб буго дица нужеда, кириялдаса махІрумлъиларо.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">АнцІила кІиявго муридасе насихІат гьабун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьеб рахъалъул шагьаразде ана халкъалда дарс малъизеги вагІза гьабизеги.</verse>
				<verse number="2">Туснахъалда вукІарав ЯхІяда рагІана МасихІил ишазул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="3">— Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел? — абун гьикъизе жиндирго муридзаби ритІана гьес ГІисахъе.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІулеб бугебги бихьулеб бугебги:</verse>
				<verse number="5">бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин.</verse>
				<verse number="6">Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.</verse>
				<verse number="7">Гьел нахъе араб мехалъ ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: — Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ?</verse>
				<verse number="8">Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал гІадамал дора парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго.</verse>
				<verse number="9">Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда!</verse>
				<verse number="10">Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».</verse>
				<verse number="11">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя авараг бищунго кІудияв вуго. Амма Зобалазул ПарччахІлъиялда ругезул бищунго гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго.</verse>
				<verse number="12">Жидерго мурадалде щвезе хІалица нух бахъулезе ЯхІя аварагасул заманаялдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегІанги бокьун буго Зобалазул ПарччахІлъи кверде босизе.</verse>
				<verse number="13">ЯхІя авараг вахъинегІан халкъалъе нухлъун рукІана Мусал Къанунги аварагзабазул вагІзабиги.</verse>
				<verse number="14">Гьез бицунелда нуж божулел ругони, ЯхІя вуго кІиабизе тІадвуссун вачІине кколев вукІарав Иляс авараг.</verse>
				<verse number="15">ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!</verse>
				<verse number="16">Лъида релълъарал ругилан абилеб дица гьаб заманаялъул гІадамал?</verse>
				<verse number="17">Нижеца зурма пуна — Нуж кьурдизе рахъинчІо, МагІил бакънал рачана — Нуж гІодизе лъугьинчІо, — ян къотІноре рахъун жидерго гьалмагъзабазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел.</verse>
				<verse number="18">ВитІун вачІана я кваналарев, я гьекъоларев ЯхІя авараг. ШайтІабаз ккурав чи вугилан абуна гьез гьесде.</verse>
				<verse number="19">ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Гьез абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», — абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъи жиндирго ишаздалъун ритІухълъана.</verse>
				<verse number="20">КигІан гІемерал мугІжизатал жиндица рихьизаруниги, кантІун Аллагьасде руссинчІел шагьаразул гІадамазда гІайиб чІвазе лъугьана ГІиса:</verse>
				<verse number="21">— Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде.</verse>
				<verse number="22">Дица нужеда абулеб буго: Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугебха!</verse>
				<verse number="23">Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун! Дуда рихьарал гІадинал мугІжизатал Содомалда рихьун рукІаралани, жакъаги букІинаан гьеб шагьар.</verse>
				<verse number="24">Амма, дица абулеб буго, Содомалъул халкъалъе къиямасеб къоялъ дур халкъалъеялдаса бигьа букІине бугебха!</verse>
				<verse number="25">Гьебмехалъ ГІисаца абуна: — Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ.</verse>
				<verse number="26">Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!</verse>
				<verse number="27">Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен.</verse>
				<verse number="28">ХІалтІул захІмалъи баччаралги гьир бакІлъаралги, дихъе рачІа нуж, дица хІалхьи кьела нужее.</verse>
				<verse number="29">Дие гІоло горбода рукь лъезе рачІа, дидаса мисал босе: дун вуго хІеренаб ва хІалимаб ракІалъул чи. Гьебмехалъ нужер рекІееги хІалхьи бачІина.</verse>
				<verse number="30">Нужер горбода дица лъолеб рукьги бигьаяб бугелъул, нужер мугъзада дица лъолеб гьирги тІадагьаб бугелъул!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Гьеб заманаялда, пуланаб шамат къоялъ, цо хурзабахъан унев вукІана ГІиса. Гьесул муридал ракъун рукІана. РетІун тІоралгун, ролъул мугьал квине лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="2">Гьеб бихьарал фарисеяз ГІисада абуна: — Балагье, Мусал къануналъ шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго дур муридаз.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца гьезда абуна: — Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали?</verse>
				<verse number="4">Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, Давудица кванана гІицІго кашишзабаз гурони, я гьес, я гьесда цадахъ рукІараз кваназе гьукъараб чед.</verse>
				<verse number="5">Яги Къануналда цІаличІебищ нужеца, шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш кашишзабаз шамат къоялъ Мукъадасаб Рокъоб гьабуниги, гьезие хІакъ букІунарилан?</verse>
				<verse number="6">Дица нужеда абулеб буго: гьале гьаниб бугебаб гІемерго тІадегІанаб буго гьеб Мукъадасаб Рукъалдаса.</verse>
				<verse number="7">«Нужер къурбанал рокьун гьечІо дие, нужедаго гьоркьоб гурхІел-рахІму бокьун буго», — ян абурал рагІабазул магІна бичІчІулебани, гІайибго гьечІезда гІайиб чІвалароан нужеца.</verse>
				<verse number="8">Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго.</verse>
				<verse number="9">Гьениса вахъун ун гьезул синагогаялъуве лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="10">Гьенив вукІана цояб квер бакъварав чиги. ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун, гьесда гьикъана шамат къоялъ гІадамал сахлъизаризе къануналъ изну кьолебищилан.</verse>
				<verse number="11">ГІисаца гьезда абуна: — Жиндирго цохІо бугеб чахъу шамат къоялъ гъваридаб гвандинибе бортани, квер бегьун къватІибе бахъиларищ гьелъул бетІергьанас гьеб?</verse>
				<verse number="12">Чахъдадаса чи кигІан хириявха вугев! Гьединлъидал къануналъ изну кьола шамат къоялъги чиясе лъикІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="13">Квер бакъварав чиясда ГІисаца абула квер гІебеде битІейилан. Гьес квер гІебеде битІула, ва гьебсагІат гьеб сахлъун, добцояб квер гІадин, лъугьуна.</verse>
				<verse number="14">КъватІире рахъун фарисеял данделъула ГІиса тІагІинавизе тадбиралъе ургъизе. Гьебги лъан, ГІиса гьениса нахъе уна.</verse>
				<verse number="15">Гьесда хадуб гІемераб халкъ бачІуна. Киналго унтарал гьес сахлъизарула.</verse>
				<verse number="16">Жиндир хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейиланги лъазабулаан.</verse>
				<verse number="17">Гьеб гьедин ккана, Ишая аварагасда Аллагьас абурал гьадинал рагІаби ритІухълъизе:</verse>
				<verse number="18">«Гьале гьав вуго дица тІаса вищарав дир рагьтІател. Гьав дие вокьула, дир ракІги бохун буго гьасдаса. Дица гьасулъ дирго РухІ лъолеб буго. Дир амру лъазабила гьас халкъазда.</verse>
				<verse number="19">Гьав дагІбадизе лъугьинаро, ахІдезе лъугьинаро, къватІахъ лъиданиги гьасул гьаракьги рагІиларо.</verse>
				<verse number="20">Бекараб муцІидул чІорцин тІун рехиларо, гІодобе кьурараб чирахъул билтаялда хутІараб загІипаб цІагицин свинабиларо. Гьедин букІина ритІухълъиялъул къо гьас дуниялалде рещтІинабизегІан.</verse>
				<verse number="21">Гьасул цІаралда базабила халкъаз жидерго анищги хьулги».</verse>
				<verse number="22">Гьебмехалъ ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав цо чи. Бецлъунги вукІана гьев, мацІги лъалеб букІинчІо. ГІисаца сахлъизавун, гьесда кІалъазеги кІвана, беразда канлъиги бихьана.</verse>
				<verse number="23">Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун тІолабго халкъалъ абулеб букІана: — Давудил Вас МасихІцин гурищ гьав? — абун.</verse>
				<verse number="24">Амма гьеб рагІидал, фарисеяз абуна: — Жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун гурони, тІокІаб сундалъунниги гуро гьав чияс жундул рачахъулел ругел.</verse>
				<verse number="25">Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: — Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххула. Цо пуланаб шагьаралда яги хъизаналда жаниб кьал ккани, гьелги риххичІого хутІуларо.</verse>
				<verse number="26">Илбисалъ жибго илбис бачахъулеб бугони, жиндаго жаниб кьал букІине ккола гьелъул. БиххичІого хутІилищ гьебмехалъ гьелъул ханлъи?</verse>
				<verse number="27">Дица жундул Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури.</verse>
				<verse number="28">Амма дица жундул Аллагьасул РухІалъул къуваталдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан.</verse>
				<verse number="29">Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе лъида кІвелеб, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе.</verse>
				<verse number="30">Дунгун цадахъ гьечІев чи, гьев вуго дида дандечІарав чи. Дида цадахъ хІалухъен бакІаруларес гьеб рахъ-рахъалде щущазабила.</verse>
				<verse number="31">Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: киналниги мунагьалги ва иманалда лъурал бугьтаналги тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас. Амма Илагьияб РухІалда лъураб бугьтаналда тІасалъугьине гьечІо.</verse>
				<verse number="32">ГІадамил Лъимада дандечІун рагІи абурав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда дандечІун рагІи абурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="33">Пихъ лъикІаб бугин абулес гъветІги лъикІаб бугин абе, яги гъветІ турараб бугин абулес пихъги турараб бугин абе. Пихъихъ балагьунин гъветІ лъалеб.</verse>
				<verse number="34">ГІай нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужго квешалги рукІун, лъикІал рагІаби кІалалъ абизе кин нужеда кІолеб? РакІалда бугеб гурони кІалалъ бицунарелъул.</verse>
				<verse number="35">ЛъикІав чияс лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи бахъула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи бахъула.</verse>
				<verse number="36">Гьале дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ инсанас жаваб кьезе буго лъикІлъиялъе гурони жиндир кІалдиса къватІибе бачІараб щибаб рагІиялъул.</verse>
				<verse number="37">Щайгурелъул, Аллагьас мун витІаравлъунги рикІкІина дур рагІабазухъ балагьун, дуе тамихІги гьабила дур рагІабазухъ балагьун.</verse>
				<verse number="38">Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисада абуна: — Я, МугІалим! Дуца цо гІаламат бихьизабизе бокьилаан нижее.</verse>
				<verse number="39">ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб умматалъин гІаламат тІалаб гьабулеб. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьаб умматалъе букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="40">Юнус аварагас ччугІил чохьониб бана лъабго къоги лъабго сордоги, гьелда релълъун ГІадамил Лъимацаги ракьул чохьониб базе буго лъабго къоги лъабго сордоги.</verse>
				<verse number="41">Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса.</verse>
				<verse number="42">Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса.</verse>
				<verse number="43">Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго.</verse>
				<verse number="44">Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», — ян. ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан, чІобого.</verse>
				<verse number="45">Женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна жиндаго цадахъ гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. Гьедин ккезе буго гьаб квешаб умматалъеги.</verse>
				<verse number="46">Халкъалдехун кІалъалев ГІиса вугев мехалъ, гьесда кІалъазе бокьун, къватІир чІун рукІана гьесул эбелги вацалги.</verse>
				<verse number="47">Доле дур эбелги вацалги, дуда кІалъазе бокьун, дора къватІир чІун ругилан абуна гьесда цояс.</verse>
				<verse number="48">Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: — Дир эбел щий кколей? Дир вацал щал кколел?</verse>
				<verse number="49">Квер битІун жиндирго муридалги рихьизарун, гьес абуна: — Гьале дир эбелги дир вацалги.</verse>
				<verse number="50">Щайгурелъул, Зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Гьебго къоялъ рокъоса къватІиве вахъун ралъдал рагІалде ун гІодов чІун вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="2">ГІадамазул кІудияб руккел бакІарун букІана гьенибе. Гьединлъидал гьев росоде вахине ккана, тІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда чІун букІана. БатІи-батІиял мисалалги рачун, гІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца:</verse>
				<verse number="3">— Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи.</verse>
				<verse number="4">Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел.</verse>
				<verse number="5">Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила.</verse>
				<verse number="6">Амма бакъ тІад речІчІарабго речІан анила гьел ва, гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила.</verse>
				<verse number="7">Цогиги мугьал заз-хъарахъалде гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила.</verse>
				<verse number="8">Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьезул цоязда лъугьанила нусго мугь бугеб тІор, цогидазда — лъабкъого мугь бугеб тІор, цогидазда — лъеберго мугь бугеб тІор.</verse>
				<verse number="9">ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!</verse>
				<verse number="10">ГІисада аскІоре рачІун муридаз гьикъана щай мун дозда мисал бачун кІалъалевилан.</verse>
				<verse number="11">Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо.</verse>
				<verse number="12">Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.</verse>
				<verse number="13">Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул.</verse>
				<verse number="14">Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо.</verse>
				<verse number="15">Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги».</verse>
				<verse number="16">Гьардарал гурищха нужер берал, гьезда бихьулеб бугелъул. Гьардарал гурищха нужер гІундул, гьезда рагІулеб бугелъул.</verse>
				<verse number="17">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІемерал аварагзабазеги вализабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо.</verse>
				<verse number="18">Гьанже гІенекке, хуриб хьон хьалев вукІарав чиясул хІакъалъулъ дица бачараб мисалалъул магІна бицинин нужеего.</verse>
				<verse number="19">Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицаралъухъ гІенекканиги, гьеб бичІчІичІев чиясул рекІелъе лъугьарал рагІаби бачІун илбисалъ рикъун ина. Гьеб ккола нухде рортарал мугьазул магІна.</verse>
				<verse number="20">Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал — гьел ккола Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабурал гІадамал.</verse>
				<verse number="21">Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо.</verse>
				<verse number="22">Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал. Амма гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъизе бугеб гъираялъ гъоркькъинарула гьел мугьал, гьезда тІорги баларо.</verse>
				<verse number="23">ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал — гьел руго гьеб рагІи рагІулелал ва бичІчІулелал. Гьезул тІоразда бижила цоязда нусго нухалъ, цогидазда лъабкъого нухалъ ва цогидазда лъеберго нухалъ цІикІкІун мугь.</verse>
				<verse number="24">Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда.</verse>
				<verse number="25">Амма гІадамал кьижараб мехалъ вачІун тушманас гьесул ролъул хурибе чІахІил хьон хьан буго ва нахъе ун вуго.</verse>
				<verse number="26">Ролъ тІаде баккун, тІор балеб мехалъ, хуриб чІахІги загьирлъун буго.</verse>
				<verse number="27">РачІун хурул бетІергьанасда абун буго гьесул рагьтІателаз: — Я, бетІерчІахъад, лъикІаб хьон гурищ дуца хуриб хьан букІараб? ЧІахІица бацун буго гури доб.</verse>
				<verse number="28">Тушманас гьабун батилин гьеб ишилан абун буго хурул бетІергьанас.</verse>
				<verse number="29">Доб чІахІ бахъизе инищилан абун буго лагъзадерица.</verse>
				<verse number="30">Унгейилан абун буго гьас. ЧІахІ бахъулаго цадахъ ролъги бахъизе гурин нужеца. Хур лъилъизе заман щвараб мехалъ, дица лъилъарухъабазда абила батІаго лъилъун, бухІизе чІахІил гулал къайилан, ролъги дир цагърахъе байилан.</verse>
				<verse number="31">Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хурибе цо пуланав чияс хьараб горчицаялъул хьодул мугьалда.</verse>
				<verse number="32">Гьеб буго киналго хурдузул хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. Амма гьелдасан лъугьуна хъархъаздасаги кІудияб гъветІ. Роржун рачІун хІанчІаз бусаби гьарула гьеб гъотІол гІаркьалабазда.</verse>
				<verse number="33">Цогиги мисал бачана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьеб кинабго мисал бачун бицана халкъалъе, мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гьесул.</verse>
				<verse number="35">Цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухъ гьабулеб букІана гьелъ: «Дунял бижаралдаса балъго хутІарал ишал, Харбилъ мисалал рачун, рицина дица нужей».</verse>
				<verse number="36">Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян.</verse>
				<verse number="37">Гьес бицана: — Хуриб лъикІаб хьон хьалев чи ккола ГІадамил Лъимер.</verse>
				<verse number="38">Хур ккола дуниял. ЛъикІаб хьон ккола ПарччахІлъиялъул агьлу. ЧІахІ ккола илбисалъул агьлу.</verse>
				<verse number="39">ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби.</verse>
				<verse number="40">Хуриса чІахІ бецун цІадабе балеб гІадин букІина къиямасеб къоялъги.</verse>
				<verse number="41">ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги — киналго.</verse>
				<verse number="42">Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир.</verse>
				<verse number="43">РитІун ккаралал гьебмехалъ рукІина жидерго Инсул ПарччахІлъиялда бакъ гІадин кенчІелел. РагІизе гІундул ругезда гьеб рагІила!</verse>
				<verse number="44">Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланав чиясда чияр хуриб батараб хазинаялда. Гьесги гьенибго бахчун тун буго гьеб. Гьелдаса вохиялъ, инеги ун, кинабго жиндирго боцІи-рикъзиги бичун, гьеб хур босун буго гьес.</verse>
				<verse number="45">Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна бищунго берцинаб жавгьар балагьулев вукІарав цо базарганасда.</verse>
				<verse number="46">Батун буго гьесда бищунго къиматаб жавгьар. Инеги ун, кинабго жиндирго букІанщинаб боцІи-рикъзиги бичун, босун буго базарганас гьеб жавгьар.</verse>
				<verse number="47">Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго.</verse>
				<verse number="48">ЦІураб мехалъ ччугІихъабаз гьин рагІалде цІан буго. ГІодорги чІун, лъикІаб ччугІа батІа гьабун гьез гьагьинибе бан буго, квешаб нахъе бан буго.</verse>
				<verse number="49">Гьедин букІине буго къиямасеб къоялъги. РачІун малаикзабаз лъикІалги квешалги гІадамал ратІа гьаризе руго.</verse>
				<verse number="50">Цинги квешал цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир.</verse>
				<verse number="51">БичІчІулеб бугищ нужеда? — ян гьикъана гьезда ГІисаца. Бугилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="52">Цинги гьес абуна: — Гьединлъидал Зобалазул ПарччахІлъиялда муридлъун лъугьанщинав динияв гІалимчи релълъуна жиндирго гъансиниса цІиябги басриябги хазина цадахъ къватІибе бахъулев рукъалъул бетІергьанасда.</verse>
				<verse number="53">Гьел мисалал рачун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьениса нахъе ана.</verse>
				<verse number="54">Живго гІураб шагьаралдеги вачІун, гьениб гьезул синагогаялъуб Аллагьасул рагІи малъизе лъугьана ГІиса. ГІадамал гІажаиблъун хутІун рукІана, гьадинаб гІакъиллъи-цІодорлъи гьесие кисадай щванаян, мугІжизатал рихьизаризе киндай гьесда кІолаян.</verse>
				<verse number="55">— Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги?</verse>
				<verse number="56">Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул киналго яцал ругел? Цинги гьаб гІакъиллъиги карамалъиги кисаха гьасие щвараб?</verse>
				<verse number="57">Гьедин, васвасаца ккун, гьесда божичІо гьел. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна: — Къимат-къадру гьечІев авараг цониги вукІунаро, амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро.</verse>
				<verse number="58">Гьел божулел рукІинчІелъул, дагьал гурони мугІжизатал рихьизаричІо гьенир ГІисаца.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Гьеб заманаялда Галилеялъул ханлъун вукІарав Гьеродида рагІана ГІисал хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="2">Гьес жиндирго нукарзабазда абуна: — ЯхІя авараг ватизе ккола гьев, хваралъуса вахъун вачІун, гьединлъидал гьес рихьизарулел руго гьел мугІжизаталги.</verse>
				<verse number="3">Гьев Гьеродица кквезеги ккун, рахсалги ран, гвандиниве рехун вукІана ЯхІя авараг. Гьелъие сабаблъун ккана Гьеродил вац Филиппил йикІарай чІужу Гьеродиада.</verse>
				<verse number="4">ЯхІяца гьесда абулеб букІиндалха дуца гьей ячине бегьуларилан.</verse>
				<verse number="5">ЯхІя чІвазе бокьун букІана Гьеродие. Амма халкъалъукьа хІинкъана, киназго гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.</verse>
				<verse number="6">Гьерод гьавураб къо кІодо гьабулеб рохалилъ Гьеродиадал яс цее яхъун кьурдана. Гьелдаса разилъарав Гьеродица</verse>
				<verse number="7">гьей ясалда гьедун абуна, дуе бокьараб сайигъат кьезе хІадурав вугин, цІар чІвай дургоян.</verse>
				<verse number="8">Эбелалъ малъун гьей ясалъ абуна, гьаниб гъадрида жаниб лъун, ЯхІя аварагасул бетІер кьейилан.</verse>
				<verse number="9">Хан пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабизе бокьичІого, кьейилан амру гьабуна гьес.</verse>
				<verse number="10">Гвандиниве чи витІун ЯхІял бетІер къотІизабуна Гьеродица.</verse>
				<verse number="11">Гъадриниб лъун босун бачІана бетІер ва ясалъухъе кьуна, гьелъги жиндирго эбелалъухъе босун ана.</verse>
				<verse number="12">Цинги ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана, ва лъугьа-бахъаралъул хІакъалъулъ ГІисада бицине ана гьел.</verse>
				<verse number="13">Гьеб хабар рагІидал ГІиса, росодаги рекІун, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана халкъалдаса ватІалъун. Гьев аравлъи лъараб мехалъ шагьараздаса гІадамал ракъдадасан ана гьесда хадур.</verse>
				<verse number="14">Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна.</verse>
				<verse number="15">Бакъанимех гІагарлъулеб букІана. ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: — ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, росабалъе ун жидеего квен-тІех босизе.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца гьезда абуна: — Гьел кирениги ине ккеларо. Нужеца кваназаре гьел.</verse>
				<verse number="17">Муридаз абуна жидехъ щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІилан.</verse>
				<verse number="18">Гьеб жиндихъе босун рачІаян абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="19">Харда тІад гІодор чІаян гьел гІадамаздаги лъазабун, ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун квантІе дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна. Гьезги гІадамазе бикьана.</verse>
				<verse number="20">Киналго гІорцІизегІан кванана, нахъе хутІарал кесказулги анцІила кІиго гьегь цІезабуна.</verse>
				<verse number="21">Руччабиги лъималги малъичІого, щуазаргогІанасев чи вукІана гьенив.</verse>
				<verse number="22">Гьеб халкъ нахъе биччалалде ГІисаца муридал ритІана, росодаги рекІун, ралъдал добцояб рахъалде цере-цере айилан.</verse>
				<verse number="23">Халкъги нахъе биччан, ГІиса живго цохІо магІарде вахана Аллагьасе гьари-дугІаялъе. МаркІачІубер рукІкІараб мехалъги живго цохІо гьенив вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="24">Дозул раса хІорил рагІалдаса чанго километралъ рикІкІалъун букІана. Данде гьури букІун карачелаз раса хьвагІезабулеб букІана.</verse>
				<verse number="25">Жеги хъахІлъи рехилалдего ралъдал лъеда тІасан вилълъун ГІиса гьезда хадув ана.</verse>
				<verse number="26">Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, муридал хІинкъун хаган хутІана. Хваразул рухІ бугин гьебиланги абун, гІемерго хІинкъиялъ ахІдезе лъугьана.</verse>
				<verse number="27">— Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! — ян ахІана гьебсагІат гьезде ГІисаца.</verse>
				<verse number="28">— Я, БетІерчІахъад! Нижеда цеве вугев чи мун ватани, лъеда тІасан дуда данде вачІине амру гьабе диеги, — ян абуна Пётрица гьесда.</verse>
				<verse number="29">— ВачІа! — ян абуна ГІисаца. Росониса къватІиве вахъун, лъеда тІасан ун ГІисада аскІове щвана Пётр.</verse>
				<verse number="30">Амма кутакаб гьури речІчІун бачІунеб бихьун, гьев хІинкъана, гъанкъизехъин вукІана. — Я, БетІерчІахъад! Дун хвасар гьаве! — ян ахІдана гьев ГІисаде.</verse>
				<verse number="31">— Ле иман дагьав инсан! Щай дур рекІелъе щаклъи лъугьараб? — анги абун, гьебсагІат квер бегьун ккуна ГІисаца гьев.</verse>
				<verse number="32">Гьел кІиялго росонире лъугьиндал, гьури къатІана.</verse>
				<verse number="33">— ХІакъикъаталдаги мун Аллагьасул Вас вуго! — ян, гьесие бетІер къулана росода рукІараз.</verse>
				<verse number="34">Добаб рагІалдеги рахун гьел щвана Геннесареталъул ракьалде.</verse>
				<verse number="35">Гьеб бакІалъул гІадамазда ГІиса лъана. Гьев вачІун вугилан тІолабго сверухълъиялда лъазабизе чагІи ритІана. Киналго унтарал росун, рачун рачІана гьесухъе.</verse>
				<verse number="36">Дур гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги тейилан гьарулеб букІана гьез. Гьелда квер хъваралщиналги сахлъулел рукІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Гьебмехалъ ГІисахъеги рачІун, Иерусалималдаса диниял гІалимзабаз ва фарисеяз абуна:</verse>
				<verse number="2">— Дур муридаз нилъер умумузул динияб гІадат щай цІунулареб? Кваналелде кверал чурулел гьечІогури гьез.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца гьезда абуна: — Нужерго гІадат цІунизе бокьун, нужецаго щай Аллагьасул амру тІубазабулареб?</verse>
				<verse number="4">Аллагьас абун буго: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола», — ян.</verse>
				<verse number="5">Нужеца малъулеб буго: «Дидасан нужее щвезе кколеб букІараб жо дица Аллагьасе назру гьабунилан жиндирго инсуда яги эбелалда абурав чияс</verse>
				<verse number="6">инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабизе кколаро», — ян. Гьедин нужеца нужерго гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру.</verse>
				<verse number="7">Вай, нужее ххвелал гьаризе бокьулеб куц! Нужер хІакъалъулъ Ишая аварагасул тІехьалда цІакъ битІун абун бугебха:</verse>
				<verse number="8">«Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма гьезул ракІални рикІкІад руго Дидаса.</verse>
				<verse number="9">ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал».</verse>
				<verse number="10">Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="11">— Дихъ гІенекке нуж: кІалдиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, кІалдиса къватІибе бачІаралъин. Гьеб бичІчІа нужеда!</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ, аскІоре рачІун, муридаз абуна ГІисада: — Дур рагІабаз фарисеял ццидахинарун рукІин лъалищ дуда?</verse>
				<verse number="13">ГІисаца гьезие жаваб гьабуна: — Зобалазда вугев дир Инсуца ахикь чІечІебщинаб гъветІ кьолболъа бахъун рехизе буго.</verse>
				<verse number="14">ЖахІалго те гьел. Гьел руго бецал чагІи, квер ккун хадур цІалел бецукал. Бецукас ккун бецук вачунев вугони, кІиялгоги гвандинире рортила гьел.</verse>
				<verse number="15">Пётрица гьарана дол рагІабазул магІна бицеян.</verse>
				<verse number="16">— ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги, — ян хІикмалъана ГІиса.</verse>
				<verse number="17">Нилъеца кІалдибе босараб жо чохьонибе кколеблъи ва гьенисан къватІибе унеблъи лъаларебищха нужеда?</verse>
				<verse number="18">Амма кІалдисан къватІибе бачІуна рекІелъ бугеб жо. Гьеле гьелъин чи хъублъизавулев.</verse>
				<verse number="19">Щаян абуни, инсанасул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъахІбалъиги, цІогьги, гьересинугІлъиги, бугьтанги.</verse>
				<verse number="20">Гьеб киналъго хъублъизавула инсан. Амма кваналелде кверал чуричІогойилан гьев хъублъуларо.</verse>
				<verse number="21">Гьениса вахъун ГІиса унев вукІана Тиралъул ва Сидоналъул улкабазде.</verse>
				<verse number="22">Ханааналдаса цо гІадан ячІана ГІисада аскІое ва гІодилаго ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил Вас! ГурхІа мун дида. Дир яс йиго шайтІабаз ккун кутакаб гІазабалда гъоркь.</verse>
				<verse number="23">Гьелъие жаваб гьабун цо рагІицин абичІо ГІисаца. АскІоре рачІун муридаз гьарана, гьадай гІадан ахІделаго нилъеда хадуй ячІуней йигин, дой нахъе йитІеян.</verse>
				<verse number="24">Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: — Дун Исраилил умматалъухъе витІун вуго вехьасухъа риларал чахъаби гІадин ругел гьелъул гІадамал ралагьизе.</verse>
				<verse number="25">АскІое ячІун, ГІисада цее накабаздаги чІун, гьарулеб букІана дой гІаданалъ: — Я, БетІерчІахъад! Кумек гьабе дие, — ян.</verse>
				<verse number="26">— Лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо, — ян абуна гьелда ГІисаца.</verse>
				<verse number="27">Гьей гІаданалъ абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма жидерго бетІергьабазул столалдаса рортарал кескал рукъалъул гьабзазеги щолагури.</verse>
				<verse number="28">Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна: — Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур! ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс.</verse>
				<verse number="29">Гьениса вахъун ун, Галилеялъул ралъдал рагІалдасан вачІун, цо магІарде вахана ГІиса ва гьенив чІана.</verse>
				<verse number="30">ГІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб гьенибеги. Гьезда гъорлъ рукІана рекъал, гІажизал, бецал, мацІ лъаларел ва цогидабги гІузру-сакъат бугел гІадамал. Гьесул хІатІазда цере лъолел рукІана гьединал гІадамал, ва гьес гьел сахлъизарулаан.</verse>
				<verse number="31">МацІ лъаларел кІалъалел ругелъул, бецазда канлъи бихьулеб бугелъул, гІажизал сахлъулел ругелъул, рекъал лъикІго рилълъанхъулел ругелъул, тІолабго халкъ гІажаиблъун хутІун букІана. Исраилил Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="32">Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ. Гьал кваначІого риччазеги бокьун гьечІо дие: нухда рухІ дагьлъун гІодор ккезе бегьула.</verse>
				<verse number="33">Муридаз гьесда абуна: — ГьадигІан гІемераб халкъ гІорцІизе гІураб чед гьаб гІалхуда киса бахъилеб нижеца?</verse>
				<verse number="34">Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чедги цо чанго ччугІаги бугилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="35">Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан.</verse>
				<verse number="36">Доб анкьабго чедги чанго ччугІаги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, гьезги халкъалъе бикьана гьеб.</verse>
				<verse number="37">Киналго гІорцІизегІан кванана гьенир, нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна.</verse>
				<verse number="38">Руччабиги лъималги малъичІого, ункъазарго чи вукІана гьенив кваналев.</verse>
				<verse number="39">Халкъги нахъе биччан ГІиса, росодаги рекІун, Магаданалъул ракьалде ана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">ГІисахъе рачІана фарисеялги саддукеялги. Гьесул хІалбихьизелъун гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.</verse>
				<verse number="2">Жавабалъе гьес абуна: — Къаси нужеца абула зоб багІарлъун бугин, метер роцІараб къо букІинин.</verse>
				<verse number="3">Радал нужеца абула жакъа кьерхараб къо букІинин, багІарсияб ва накІкІуяб кьер лъугьун бугин зодил. Зобалазул хиса-басиязда хадур гІунтІула нуж, амма гьаб тІаде гІунтІун бугеб заманаялъул гІаламатал щайха нужеда лъаларел?</verse>
				<verse number="4">Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб гьаб умматалъе къваригІун буго зодисан гІаламат бихьизе. Амма Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьазие букІине гьечІо. Цинги, гьелги жалго тун, ГІиса нахъе ана.</verse>
				<verse number="5">Ралъдал добцояб рагІалде унаго, чед цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда.</verse>
				<verse number="6">ГІисаца гьезда абуна: — Вореха, фарисеязулги саддукеязулги реччеялдаса цІунун чІа нуж. Жидедаго гьоркьоб хабар ккана гьезул:</verse>
				<verse number="7">«Нилъеца чед цадахъ босичІилан абураб магІна букІине ккола гьел рагІабазул».</verse>
				<verse number="8">Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: — Чед гьечІилан гаргадизе бегьилищ нуж? Нужго кинал гьединал иманги дагьал,</verse>
				<verse number="9">бичІчІиги гьечІел! Щуазарго чиясе щуго чед гІураблъи ракІалда гьечІищ нужеда? ХутІарал чадил мочІабазул чан гьегь нужеца цІезабураб?</verse>
				<verse number="10">Яги ункъазарго чиясе анкьго чед гІураблъи ракІалда гьечІищ? ХутІарал чадил мочІабазул чан гьегь нужеца цІезабураб?</verse>
				<verse number="11">Чадил бицунеб гьечІеблъи щай нужеда бичІчІулареб? Амма фарисеязул реччеялдасаги саддукеязул реччеялдасаги цІунун чІа нуж!</verse>
				<verse number="12">Гьанже гьезда бичІчІана фарисеязулги саддукеязулги реччеялдаса гуреб, гьезул малъа-хъваяздаса цІунеян абулеб бугеблъи.</verse>
				<verse number="13">Филиппил Къайсарияталъул ракьалде щведал, ГІисаца муридазда гьикъана: — ГІадамил Лъимер щивлъун рикІкІунев вугев гІадамаз?</verse>
				<verse number="14">Гьез абуна: — Цояз абулеб буго ЯхІя авараг вугилан. Цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан, Иеремия яги цогидав авараг вугилан абулел чагІиги руго.</verse>
				<verse number="15">— Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? — ан абуна ГІисаца.</verse>
				<verse number="16">Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: — Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ!</verse>
				<verse number="17">Гьесдехун вуссун ГІисаца абуна: — Гьардарав гурищ мун, Юнусил вас Симон. Инсанас гуро мун гьелде кантІизавурав, зобалазда вугев дир Инсуца кантІизавуна.</verse>
				<verse number="18">Цоги дица дуда абулеб буго мун Пётр (Кьуру) вугилан, гьеб кьурда тІад бала дица дирго Килиса, ва хвалил къуваталъе къуркьиларо гьеб.</verse>
				<verse number="19">Дица духъе кьела Зобалазул ПарччахІлъиялъул кІул, ракьалда дуца гьукъарабщинаб зобалаздаги гьукъила, ракьалда дуца изну кьурабщиналъе зобалаздаги изну кьела.</verse>
				<verse number="20">Цинги ГІисаца жиндирго муридазда лъазабуна жив ГІиса МасихІ вугилан лъиданиги бицунгеян.</verse>
				<verse number="21">Гьелдаса хадуб ГІисаца гьезда бицине байбихьана жив Иерусалималде ине вугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги жиндие гІазаб-гІакъуба кьезе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.</verse>
				<verse number="22">ДовегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе: — Аллагьас цІунаги, БетІерчІахъад! Дуе гьеб лъугьине рес гьечІо!</verse>
				<verse number="23">Кьурун вуссун, Пётрида абуна гьес: — ТІагІа дида аскІоса, илбис! Дуца дун къосинавулев вуго! Аллагьасулаб тун инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе.</verse>
				<verse number="24">Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа.</verse>
				<verse number="25">Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарасда гьеб цІидасан батила.</verse>
				<verse number="26">Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? Жиндирго рухІалъухъ хисун кьезе щиб бугеб инсанасул?</verse>
				<verse number="27">Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="28">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер ПарччахІлъун вачІун вихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="17">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан Пётрги, Якъубги ва гьесул вац Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана.</verse>
				<verse number="2">Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул гьумер бакъ гІадин гвангъана, хъахІлъун лъугьараб ретІел нурлъун кенчІелеб букІана.</verse>
				<verse number="3">Гьале Мусаги Илясги рихьана гьезда гьевгун гара-чІварулел.</verse>
				<verse number="4">Пётрица ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! Дуе бокьани, дица лъабго хъощ бала гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.</verse>
				<verse number="5">ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж!</verse>
				<verse number="6">Гьеб рагІидал гІасиго хІинкъун кІалагъоркье ккана муридал.</verse>
				<verse number="7">АскІове вачІун, гьезда кверги хъван, ГІисаца абуна: — ХІинкъуге! ТІаде рахъа! — ян.</verse>
				<verse number="8">Эхеде рорхун ралагьидал цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда вихьичІо.</verse>
				<verse number="9">Гьеб магІардаса гІодоре рещтІунеб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна ГІадамил Лъимер хваралъуса вахъинегІан гьаб нужеда бихьараб гІаламаталъул лъиданиги цІар бахъугейилан.</verse>
				<verse number="10">Муридаз ГІисада гьикъана: — Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан?</verse>
				<verse number="11">Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: — БитІараб буго, Иляс вачІине кколаан ва гьес кинабго къачІан тезеги кколаан.</verse>
				<verse number="12">Дица нужеда абулеб буго: Иляс вачІун вукІана, амма гІадамазда гьев лъачІо, жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие, ГІадамил Лъимадуеги гІазаб кьезе буго гьез.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ муридазда бичІчІана гьес ЯхІя аварагасул хІакъалъулъ бицунеб букІин.</verse>
				<verse number="14">Халкъалда аскІоре тІадруссун гьал щведал, аскІове вачІун накабазда чІун, цо чи гьардана ГІисада:</verse>
				<verse number="15">— Я, БетІерчІахъад! Дир васасда гурхІа мун. Унти бачІун лъугьуна гьев, кІудияб гІазаб буго гьесие: цин цІадулъе вортула, цин лъадалъе вортула.</verse>
				<verse number="16">Дица вас дур муридазухъе вачун вукІана, амма гьезда кІвечІо гьев сах гьавизе.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ ГІисаца абуна: — Гьай, нуж иман гьечІеб ва пасатаб наслу! КидалъагІан дун нужеда цадахъ вукІинев ва кидалъагІан дица нуж хІехьелел! Гьаниве ваче гьев дида аскІове.</verse>
				<verse number="18">ГІисаца амру гьабидал, васасул чорхолъа къватІибе лъугьана жен. ГьебсагІат сахлъана гьев.</verse>
				<verse number="19">БатІаго аскІореги рачІун, муридаз ГІисада гьикъана: — Нижеда щай кІвечІеб доб жен бачахъизе?</verse>
				<verse number="20">[20-21] ГІисаца гьезда абуна: — Божи-иман дагьаб бугелъулха нужелъ! ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божи нужелъ бугони, нужеца гьаб мегІералда абила гьаниса бахъун добегІан айилан, ва бахъун добегІан ина гьеб. Гьедин нужеда кІолареб жо щибниги букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="21"></verse>
				<verse number="22">Гьениса рахъун Галилеялде унаго, ГІисаца муридазда абуна: — ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове.</verse>
				<verse number="23">Гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги чІаголъила. Гьел цІакъ пашманлъана.</verse>
				<verse number="24">Гьал Капернаумалде щведал, Мукъадасаб Рукъалъе магъало бакІарулев чи вачІана Пётрида аскІове: — Дур МугІалимас кІиго диргьам магъалоялъе кьоларебищ? — ан гьикьизе. — Кьола! — ян абуна Пётрица</verse>
				<verse number="25">ва ГІисада аскІове жаниве лъугьана. Пётрица кІал рагьилалдего, ГІисаца гьесда абуна: — Дуда кин кколеб, Симон, дуниялалъул парччахІзабаз магъало яги налог лъихъа босулеб? Жидеразухъагойищ яги чияразухъайищ?</verse>
				<verse number="26">Чияразухъа, — ян жаваб кьуна гьесие Пётрица. — Гьедин батани, жидерго гІадамазда тІадаб гьечІогуриха гьеб кьезе, — ян абуна ГІисаца.</verse>
				<verse number="27">Амма гьал къварид гьарун щай нилъее. Вахъа, мун хІорил рагІалде а, гъармахъ рехун ччугІа кквезе. ТІоцебе ккураб ччугІил кІалдиве вакке. Гьениб батила дуда ункъо диргьамалъул гІарац. Цинги гьеб дуего гІологи дие гІологи магъалоялъе кье.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="18">
				<verse number="1">— ПарччахІлъиялда ругезул гьоркьов бищун кІудияв щив? — ан гьикъана гьебмехалъ, ГІисада аскІоре рачІун, муридаз.</verse>
				<verse number="2">ГІисаца, аскІобе ахІун, цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна.</verse>
				<verse number="3">Гьес абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІакълу-пикру хисичІони ва лъимал гІадин лъугьинчІони, Зобалазул ПарччахІлъиялде лъугьинаро нуж киданиги.</verse>
				<verse number="4">Живго гьитІинлъизавурав ва гьеб лъимер гІадин лъугьарав чи бищунго кІудиявлъун вукІине вуго Зобалазул ПарччахІлъиялда.</verse>
				<verse number="5">Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда.</verse>
				<verse number="6">Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чиясде балагь бачІина. Гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, гъваридаб ралъдалъ гъанкъизавуни.</verse>
				<verse number="7">Вай, инсан мунагьалде цІалеб жоялъул дуниялалда бугеб балагьги гІазабги! Щаян абуни, мунагьалде цІалеб жо камун дуниял хутІуларелъул. Гьединго балагьги гІазабги жив сабаблъун цогидав мунагьалде цІалев чиясеги!</verse>
				<verse number="8">Дур квералъ, яги бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун нахъе рехе гьеб. Цояб квер камун, яги цояб бох камун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго квергун, яги кІиябго бохгун свин гьечІеб цІадаве рехизегІан.</verse>
				<verse number="9">Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун нахъе рехе гьеб. Цо бергун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъул цІадаве рехизегІан.</verse>
				<verse number="10">[10-11] Воре, нужеца сан гьавичІого тоге лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан. Щаян абуни, дица нужеда абулеб буго: гьединазул малаикзабазда кидаго кІола зобалазда вугев дир Инсуда бадире ралагьизе.</verse>
				<verse number="11"></verse>
				<verse number="12">Кин нужеда ракІалде кколеб: масала, цо пуланав чиясул буго нусго чахъу. Гьезул цояб билани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги магІарда тун, гьеб билараб чахъу балагьизе инарищ гьев?</verse>
				<verse number="13">Нагагь гьесда гьеб батани, хІакълъун абулеб буго дица нужеда, риличІого ругел дол ункъоялда анцІила ичІго чахъдадаса цІикІкІун вохула гьев батараб чахъдадаса.</verse>
				<verse number="14">Гьедин зобалазда вугев нужер Инсуеги бокьуларо лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан тІагІине.</verse>
				<verse number="15">Дурго диналъул вацасухъа ккани мун къварид гьавулеб мунагь, чи гьечІеб бакІалда бадибчІвай гьабе гьесие. Гьев духъ гІенеккани, дуе дурго вац нахъе щола.</verse>
				<verse number="16">Гьев духъ гІенеккичІони, цо яги кІиго чиги вачун, а мун гьесухъе. ТІехьалда хъван бугелъул: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи».</verse>
				<verse number="17">Гьезухъги дур вац гІенеккичІони, иман лъуразул агьлуялда бице. Гьезухъги гьев гІенеккичІони, дуца гьев рикІкІе Аллагь лъаларевлъун яги магъало бакІарулев чилъун.</verse>
				<verse number="18">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ракьалда нужеца гьукъарабщинаб зобалаздаги гьукъила. Ракьалда нужеца изну кьурабщиналъе зобалаздаги изну кьела.</verse>
				<verse number="19">Цоги абулеб буго дица нужеда: нужер кІигояв рекъон дуниялалда нужеца щиб гьараниги, Зобалазда вугев дир Инсуца тІубазабила гьеб.</verse>
				<verse number="20">Щай абуни, дир цІаралъе гІоло кІиго яги лъабго чи данделъани, гьезда гьоркьов дунги вукІуна.</verse>
				<verse number="21">АскІовеги вачІун, Пётрица гьикъана ГІисада: — Дун къварид гьавулел мунагьал дир вацасухъа гІемер ккани, чан нухалъ дун гьесда тІасалъугьине кколев? Анкьго нухалъищ?</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьесда абуна: — Дица дуда абулеб буго: анкьго нухалъ гурин, анкьцІали нухалъилан.</verse>
				<verse number="23">Зобалазул ПарччахІлъиги релълъинабизе бегьула жиндирго лагъзадерихъа налъи бакІаризе лъугьарав цо парччахІасда.</verse>
				<verse number="24">Налъи бакІаризе байбихьараб мехалъ, гьесухъе вачун вачІун вуго анцІазарго талант гьесие налъуда бугев цо пуланав лагъ.</verse>
				<verse number="25">Налъи бецІизе гьесул рес гьечІеблъиги лъан, парччахІас буюрун буго гьев живгоги вичейин, гьесул чІужу-лъималги ричейин, бугебщинаб боцІи-рикъзиги бичейин, жиндие гІарац чІезабеян.</verse>
				<verse number="26">Гьебмехалъ лагъ, кІалагъоркье гьесда цевеги речІчІун, гьардезе лъугьун вуго: — Сабру гьабе! Дица бецІила гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="27">ПарччахІ гьев лагъасда гурхІун вуго, гьеб налъиги бецІичІониги гьесие хІалал гьабун буго.</verse>
				<verse number="28">Гьениса вачІунаго, гьев лагъасда ватун вуго жиндие нусго динар кьезе букІарав живгогІадав цоги лагъ. Налъи бецІизе кколилан, щекъерги ккун, гъанкъулев вукІун вуго гьас дов.</verse>
				<verse number="29">КІалагъоркье гьасда цевеги речІчІун, гьарун буго дов налъулас, сабру гьабейин, жинца бецІилин дуе налъи.</verse>
				<verse number="30">Амма гьав разилъун гьечІо, гвандинив тІамизавун вуго, тІубанго налъи бецІизегІан жанив чІезавун вуго.</verse>
				<verse number="31">Дов жанив тІамурав лагъасул гьалмагъзаби цІакъ пашманлъун руго гьеб бихьидал, инеги ун жидерго бетІергьанасда бицун буго ккарабщиналъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="32">Гьебмехалъ дов лагъги ахІун, гьесда абун буго парччахІас: — Ле, хІалихьатав лагъ, дуца гьарараб мехалъ дуда букІараб тІолабго налъи тІасалъугьун тана дица.</verse>
				<verse number="33">Дун дуда гурхІарав гІадин, мунги гурхІизе ккелароанищ мунго гІадав лагъасда?</verse>
				<verse number="34">Ццин бахъун гьев парччахІас буюрун буго тІолабго налъи бецІизегІан досие гІазаб кьейилан.</verse>
				<verse number="35">Гьедин гьабила нужееги Зобалазда вугев дир Инсуца, нужер щивав чи ракІ-ракІалъго вацасда тІасалъугьинчІони.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="19">
				<verse number="1">Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана.</verse>
				<verse number="2">ГІемераб халкъ бачІунеб букІана ГІисада хадуб, унтарал-щокъал сахлъизарулел рукІана гьес.</verse>
				<verse number="3">РачІун фарисеяз, ГІисал хІалбихьизе, цІехана: — Бокьараб гІиллаялъе гІоло росас чІужу йиччан тезе бегьулейищ? — ан.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца абуна: — Нужеца цІаличІебищ: ГІалам Бижарас тІоцере «рижана бихьинчиги чІужугІаданги»?</verse>
				<verse number="5">Цинги гьес абуна: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина»</verse>
				<verse number="6">Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна. Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="7">Фарисеяз абуна: — Щайха Мусаца изну кьун бугеб цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе?</verse>
				<verse number="8">ГІисаца абуна: — Нужер чанкІкІи сабаблъун кьуна Мусаца нужее лъудби риччан тезе изну. Амма авалалдасанго гьедин букІинчІо.</verse>
				<verse number="9">Дица нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун батІияб гІиллаялъе гІоло чІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна.</verse>
				<verse number="10">Муридаз ГІисада абуна: — ЧІужуялъул рахъалъ бихьинчиясул иш гьедин бугеб батани, чІужуго ячинчІого чІани лъикІ букІина.</verse>
				<verse number="11">Гьезда ГІисаца абуна: — Ригьин гьабичІого тезе Аллагьас бажари кьураз гурони къабул гьаруларо гьел рагІаби.</verse>
				<verse number="12">Щаян абуни, цо-цо ругелъулха эбелалъул ургьирго ахтаяллъун рижарал; цогидалал ахтаяллъун гІадамаз лъугьинарула; Зобалазул ПарччахІлъиялъе гІоло лъудби рачинчІого чІаралги руго. Къабул гьабизе бажарулес къабул гьабе гьеб.</verse>
				<verse number="13">ГІисахъе лъимал рачун рачІана, гьезда тІад квер бахъеян ва дугІа гьабеян гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо.</verse>
				<verse number="14">ГІисаца абуна: — Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Зобалазул ПарччахІлъи щун бугеб!</verse>
				<verse number="15">Цинги, гьел лъималазда тІад кверги бахъун, ГІиса гьениса ана.</verse>
				<verse number="16">Гьале цо гІолохъанчияс ГІисада гьикъана: — Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб лъикІлъи дица гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="17">ГІисаца гьесда абуна: — ЛъикІлъиялъул хІакъалъулъ щай дуца дида гьикъулеб? ЛъикІав вуго цохІо Аллагь. Абадияб рукъалъул бутІа щвезе бокьани, Аллагьасул амруял тІуразаре.</verse>
				<verse number="18">— Кинал? — абун гьикъана дос. ГІисаца абуна: — «Чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге»,</verse>
				<verse number="19">«эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». Цоги: «мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».</verse>
				<verse number="20">Гьев гІолохъанчияс ГІисада абуна: — Гьел амруял дица гьанжелъагІанги тІуразаруна. Цоги щиб дие камун бугеб?</verse>
				<verse number="21">ГІисаца гьесда абуна: — ТІубанго камиллъизе бокьани, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье. Гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.</verse>
				<verse number="22">Гьеб рагІидал, гІолохъанчи къваридго нахъе ана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи.</verse>
				<verse number="23">Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе цІакъ захІмалъула бечедав чиясе.</verse>
				<verse number="24">Гьале цоги нухалъ абулеб буго дица нужеда: рукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.</verse>
				<verse number="25">Гьеб рагІидал, гІажаиблъун-хІикмалъун хутІарал муридаз гьикъана: — Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?</verse>
				<verse number="26">Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — ГІадамазда гьеб кІоларо, амма Аллагь сундуего хІалкІолев вуго.</verse>
				<verse number="27">Гьебмехалъ Пётрица абуна: — Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. Щибха нижее гьелъухъ букІинеб?</verse>
				<verse number="28">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица: гьедин дида хадур рачІиндал нуж, цІияб дуниялалда ГІадамил Лъимер жиндирго къудраталъул тахида гІодов чІараб мехалъ, анцІила кІиябго тахида дида аскІор гІодор чІезе руго. Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе.</verse>
				<verse number="29">Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила.</verse>
				<verse number="30">Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="20">
				<verse number="1">Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна, радал хехго вахъун, жиндирго цІолбол ахикь хІалтІизе гІадамал ралагьизе арав цо бечедав чиясда.</verse>
				<verse number="2">Къое цо-цо динар кьезе къотІиги гьабун, хІалтІухъаби ккун руго гьес ва цІолбол ахикье ритІун руго.</verse>
				<verse number="3">Лъабго сагІаталдасан нахъеги базаркъотІносан унаго, цоги чагІиги ратун руго гьенир, хІалтІи щвелародайилан рахъун чІун.</verse>
				<verse number="4">Нуж разияб мухьги кьелин, дир цІолбол ахикье хІалтІизе айилан ритІун руго гьас гьелги. Ун руго гьел гьенире.</verse>
				<verse number="5">Къалъул гІужалдехунги ва къалъудаса лъабго сагІат араб мехалъги базаркъотІнове ун, додинго ритІун руго гьес хІалтІухъаби.</verse>
				<verse number="6">Бакъанидехунги ун вуго гьав чи базаркъотІнове. Дагьалги гІадамал ратун руго гьенир рахъун чІун. — Къойица гьанир чІалгІаде рахъун чІун щибулел нуж ругел? — ан гьикъун буго гьас гьезда.</verse>
				<verse number="7">Жал лъицаниги хІалтІизе рачунел гьечІилан абун буго гьез. Гьездаги абун буго гьес жиндир цІолбол ахикье айилан.</verse>
				<verse number="8">МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, жиндие хъулухъ гьабулев чиясда гьес абун буго дол хІалтІухъабиги ахІун, ахиралда ритІараздасан байбихьун тІоцере ритІаразде щвезегІан гьезие мухь кьейилан.</verse>
				<verse number="9">Бакъанимехалда хІалтІизе байбихьаразеги цо-цо динар щун буго.</verse>
				<verse number="10">Радалго хІалтІизе квер баразда ракІалда букІун буго жидее цІикІкІун кьелилан. Амма гьезиеги цо-цо динар гурони щун гьечІо.</verse>
				<verse number="11">Гьебмехалъ ахил бетІергьанасде гъулгъудизе лъугьун руго гьел:</verse>
				<verse number="12">— Ахикье ахиралда рачІарал гІадамал цо сагІаталъ гурони хІалтІичІо. Нижин абуни, радалалдаса бакъинегІан бухІараб бакъукь хІалтІана. Гьезиеги нижееги бащад кьуна дуца мухь.</verse>
				<verse number="13">Гьезул цоясдехун вуссун ахил бетІергьанас абун буго: — Ле, гьудул! Дуе гьабураб къотІи хвезабунищ дица? Мун разилъун вукІинчІищ цо динаралъухъ хІалтІизе?</verse>
				<verse number="14">Дуего кьураб мухьги босун нахъе щай унарев? Дие бокьун буго дуе кьуралда бащад тІарамагъада витІарасеги кьезе.</verse>
				<verse number="15">Дирго буголъиялда бокьараб гьабизе ихтияр гьечІебищ дир? Яги дир сахаватлъиялда бер бахиллъунищ мун вугев?</verse>
				<verse number="16">Гьедин цере рукІарал ахиралде ккела, ахиралда рукІарал цере ккела.</verse>
				<verse number="17">Иерусалималде унаго нухда ГІисаца анцІила кІиявго мурид батІаго ахІана ва гьезда абуна:</verse>
				<verse number="18">— Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила.</verse>
				<verse number="19">Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила.</verse>
				<verse number="20">Гьебмехалъ ГІисада аскІое ячІуна Зебедайил васазул эбел. Гьелда аскІор рукІана кІиявго васги. Гьелъ гІодое къулун цо жо гьарулеб букІана.</verse>
				<verse number="21">— Щиб дуе бокьун бугеб? — ан гьикъана ГІисаца. Гьелъ абуна: — Мун ПарччахІлъун ккараб мехалъ, гьав дир кІиявго вас дуца дудаго аскІор цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, гІодор чІезарилин рагІи кье дие.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьелъул васазда абуна: — Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе? КІвелилан жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца абуна: — Дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе ккезе буго нужеца. Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, дир Инсул хІукмуялда бараб буго.</verse>
				<verse number="24">Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго мурид дов кІиявго вацасде ццидахун лъугьана.</verse>
				<verse number="25">АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабаз гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи.</verse>
				<verse number="26">Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе.</verse>
				<verse number="27">Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги цогидазе лагълъун вукІа абе.</verse>
				<verse number="28">ГІадамил Лъимерги жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачІарав. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.</verse>
				<verse number="29">Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб.</verse>
				<verse number="30">Гьале нухлул рагІалда гІодов чІун вукІарав кІиго бецав чи, ГІиса аскІосан унев вукІин рагІун, ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян.</verse>
				<verse number="31">ГІадамаз абуна гьезда руцІцІун чІайилан, амма гьел дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян.</verse>
				<verse number="32">Гьенив лъалхъун, ГІисаца гьел аскІоре ахІана ва дица щиб гьабизе нужее бокьун бугебилан гьикъана.</verse>
				<verse number="33">Гьез абуна: — Я, БетІерчІахъад, нижер беразда канлъи бихьизе бокьун буго.</verse>
				<verse number="34">Гьев кІиясдаго гурхІун, ГІисаца гьезул беразда квер бахъана. ГьебсагІат беразда канлъи бихьун, ГІисада цадахъ рилълъана гьел.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="21">
				<verse number="1">Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда бугеб Бетфагия росулъе гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна:</verse>
				<verse number="2">— Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда рухьун ратила хІамаги кІертги. Рухьадасаги ричун, гьелги рачун рачІа.</verse>
				<verse number="3">Лъицаниги щибниги абуни, нужеца бице, гьел ТІадегІанав ГІисае къваригІун ругилан. КІалъачІого риччала гьес гьел рачине.</verse>
				<verse number="4">Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:</verse>
				<verse number="5">«Сионил ясалда абе нужеца: Дур хІалимав ПарччахІ вачІунев вугин Гьир баччун ругьунаб хІамида рекІун, ХІамица гьабураб кІартида рекІун!»</verse>
				<verse number="6">Инеги ун, ГІисаца абураб гьабун,</verse>
				<verse number="7">хІамаги кІертги бачун рачІана гьел. ГІиса тІад рекІине муридаз гьезул гьодиде жидерго партал рехана.</verse>
				<verse number="8">Халкъалъул кІудияб руккелалъ, тІаса бахъун, ретІел букІана нухда тІибитІулеб. ГъутІбуздаса рекун, гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел.</verse>
				<verse number="9">Гьесда цебе-цебе унеб халкъалъул руккелалъги хадур рачІунез туркиги ахІулеб букІана: — Гьошанна! Давудил васасе рецц! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="10">ГІиса Иерусалималде лъугьиндал, тІолабго шагьар бихха-хочун лъугьана: — Гьав чиго щив? — ан гьикъулеб букІана гІадамаз.</verse>
				<verse number="11">— Галилеялъул Назарет шагьаралдаса ГІиса авараг вуго, — ян жаваб кьуна гьезие гьесда хадуб бачІунеб букІараб халкъалъул руккалилъан.</verse>
				<verse number="12">Мукъадасаб Рокъове лъугьун, ГІисаца гьениса къватІире гъуна даран-базаралда рукІарал гІадамал. ГІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна.</verse>
				<verse number="13">ГІисаца гьезда абуна: — ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ», — абун. Нужецайин абуни гьаб «хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго».</verse>
				<verse number="14">ГІисахъе Мукъадасаб Рокъоре рачун рачІана бецалги рекъалги гІадамал. Гьес сахлъизаруна гьел.</verse>
				<verse number="15">ГІисал хІикматал ишал рихьидал ва гІисинал лъималазги Мукъадасаб Рокъоб: «Гьошанна! Давудил васасе рецц!» — абун ахІулеб рагІидал, чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги ццидахун абуна гьесда:</verse>
				<verse number="16">— Гьез абулеб бугеб жо рагІулеб гьечІищ дуда? — ян. — РагІулеб буго, — ян абуна ГІисаца гьезда. — Нужеца киданиги цІаличІебищ: «ГІисинлъималги керен хахулелги тІамуна Дуца Дуего рецц гьабизе» — ян.</verse>
				<verse number="17">Цинги ГІиса, гьелги рукІаралъур тун, шагьаралдаса къватІивеги лъугьун, Бетаниялде ана ва сордо бан гьенив чІана.</verse>
				<verse number="18">Нахъисеб къоялъул радакье Иерусалималде вачІунаго, ГІиса вакъана.</verse>
				<verse number="19">Нухда цо инжиралъул гъветІ бихьана гьесда. Амма аскІове ун халгьабидал, тІанхал гурони, пихъил гороцин батичІо гъотІода. — ТІокІаб киданиги дуда тІад пихъ бижугеги, — ян абуна ГІисаца гъотІода. Гьеб параялда бакъвана гъветІ.</verse>
				<verse number="20">ХІикмалъун хутІарал гьесул муридаз абуна: — Балагье, инжиралъул гъветІ хекко бакъвараб куц!</verse>
				<verse number="21">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер рекІелъ божи-иман бугони ва рекІелъе щаклъи лъугьине течІони, доб гъотІода гуребги, гьаб мегІералдаги нужеца абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер нужее мутІигІлъизе буго.</verse>
				<verse number="22">Божи-имангун нужеца дугІадулъ гьаранщинаб щвезе буго нужее.</verse>
				<verse number="23">Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун гьикъана гьез ГІисада.</verse>
				<verse number="24">ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьаб ихтияр кьурабали.</verse>
				<verse number="25">Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.</verse>
				<verse number="26">ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал».</verse>
				<verse number="27">Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун дица гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.</verse>
				<verse number="28">— Гьаб мисалалъул рахъалъ щиб нужеца абилеб? Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. «Векере, дир вас, нилъерго цІолбол ахикье а жакъа хІалтІизе», — ян абун буго гьес, аскІовеги вачІун, цояв васасда.</verse>
				<verse number="29">Ина, дир эмениланги, абун, ун гьечІо гьев.</verse>
				<verse number="30">АскІове вачІун, цогидав васасдаги абун буго гьединго. Инарилан абун буго гьес, амма гьедин абиялдаса ракІ бухІун, ун вуго гьев ахикье.</verse>
				<verse number="31">Кинав васасха инсул амру тІубазабураб? КІиабилесилан абуна гьез. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги нужеда цере-цере унел руго Аллагьасул ПарччахІлъиялде.</verse>
				<verse number="32">Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, — гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо.</verse>
				<verse number="33">Цоги мисалалъухъ гІенекке. Цо бечедав чияс цІолбол ах гьабун буго, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев ун вуго.</verse>
				<verse number="34">ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе рагьтІателал ритІун руго жиндиего кколеб бутІа босизе.</verse>
				<verse number="35">Амма ижарачагІаз, кквезеги ккун, гьезул цояв вухун вуго, цояв чІван вуго, цогидав ганчІал речІчІун хвезавун вуго.</verse>
				<verse number="36">Нахъеги ритІун руго гьес рагьтІателал, доздаса гІемерго цІикІкІун. Амма гьезиеги додинго гІакъуба кьун буго ахихъабаз.</verse>
				<verse number="37">Цинги жиндирго вас витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан.</verse>
				<verse number="38">Амма гьесул вас вачІунев вихьараб мехалъ, ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, ирсги нилъеего хутІила».</verse>
				<verse number="39">Кквезеги ккун, гьез гьев ахикьа къватІиве рехун вуго ва чІван вуго.</verse>
				<verse number="40">ХІасил, ахил бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалъ, гьел ижарачагІазе щибдай гьабила гьес?</verse>
				<verse number="41">Гьелъие жавабалъе ГІисада абуна: — Квешал гІадамал гьес квешго чІвала. ЦІибил барщарабго жиндие кколеб бутІа босун рачІунел ижарачагІазухъе ахги кьела.</verse>
				<verse number="42">ГІисаца гьезда абуна: — ТІехьалда цІаличІищ нужеца: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»</verse>
				<verse number="43">Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе.</verse>
				<verse number="44">Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.</verse>
				<verse number="45">Гьел мисалал рагІидал, чІахІиял кашишзабаздаги фарисеяздаги бичІчІана ГІисаца жидер хІакъалъулъ бицунеб букІин.</verse>
				<verse number="46">Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="22">
				<verse number="1">Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие:</verse>
				<verse number="2">— Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго васасе бертин гьабулев вукІарав цо парччахІасда.</verse>
				<verse number="3">Берталъе гІадамал ахІизе рагьтІателал ритІун рукІун руго гьес, амма гьенире рачІине бокьун гьечІо гІадамазе.</verse>
				<verse number="4">Нахъеги ритІун руго гьес цогидал рагьтІателал, гьезда абейин, квен хІадурун бугин, мачІадалъе хьихьарал оцалги бусбиги хъун ругин, кинабго къачІан бугин, берталъе рачІаян.</verse>
				<verse number="5">Амма гьеб ахІиялъул агъазги гьабичІого, рахъ-рахъалъ ун руго гьел: цояв жиндирго хуриве ун вуго, цояв даран-базаралъ ун вуго.</verse>
				<verse number="6">Цогидаз парччахІасул рагьтІателал, кквезеги ккун, инжитги гьарун, чІван руго.</verse>
				<verse number="7">Гьебмехалъ парччахІасул кутакалда ццин бахъун буго гьезда. Жиндирго боги битІун гъурун руго гьес дол рагьтІателал чІварал гІадамал ва гьезул шагьарги бухІун буго.</verse>
				<verse number="8">Цинги гьес жиндирго рагьтІателазда абун буго: — Бертадул тІутІ тІибитІун буго, амма тІотІоде ахІарал гІадамал гьелъие мустахІикъал ратичІо.</verse>
				<verse number="9">Гьанже къватІахъе-нухазде ун, цеве вата-ватарав чи ваче берталъе.</verse>
				<verse number="10">КъватІахъе-нухазде ун гьел рагьтІателаз квешалги лъикІалги — цере рата-ратарал рачун рачІуна. Гьедин ахІарал гІадамазул цІун буго бертадул рукъ.</verse>
				<verse number="11">Берталъе рачІарал гІадамазухъ валагьизе парччахІ жаниве лъугьараб мехалъ, гьесда гьенив вихьун вуго берталъе ретІунеб хасаб партал ретІинчІев цо чи.</verse>
				<verse number="12">ПарччахІас гьесда абун буго: «Ле, гьудул, берталъе ретІунеб партал ретІинчІев мун гьаниве жаниве кин ворчІарав?» Гьев чи вуцІцІун чІун вуго.</verse>
				<verse number="13">ПарччахІас гьебмехалъ рагьтІателазе амру гьабун буго гьев чи, квералги бохдулги рухьун, дове бецІаб къотІнове рехеян. ГІодулел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал.</verse>
				<verse number="14">АхІарал гІезегІан ругониги, тІаса рищарал дагь гурони гьечІелъулха!</verse>
				<verse number="15">Гьениса къватІире рахъун фарисеял данделъана ГІисал кІал таризабизе щибдай ургъун лъикІилан.</verse>
				<verse number="16">Гьез жидерго муридалги гьеродилалги ритІана ГІисахъе. Гьез абуна: — Я, МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо.</verse>
				<verse number="17">Гьединлъидал, бице нижеда. Дуда кин ракІалде кколеб: Мусал Къануналда рекъон бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ?</verse>
				<verse number="18">Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна: — ГІай, нуж ххвелал гьарулел чагІи! Щай нужеца дир хІалал рихьулел?</verse>
				<verse number="19">Магъалоде кьезе кколеб цо гІарац босе гьанибе дихъе. Гьез гьесухъе цо динар босун бачІуна.</verse>
				<verse number="20">ГІисаца абуна: — Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб?</verse>
				<verse number="21">Къайсарасул бугилан абуна гьез. — Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="22">Гьеб жавабалъ хІикмалъизарурал гьел, живго гьевги тун, нахъе ана.</verse>
				<verse number="23">Гьебго къоялъ ГІисахъе рачІана саддукеял абулел, къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналда божуларел гІадамал, ва гьез ГІисада гьикъана:</verse>
				<verse number="24">— Я, МугІалим! Мусаца абун буго: «Лъимер-бетІерги гьечІого цо пуланав чи хвани, гьесул вацас ячине кколин жиндирго вацасул къоролай, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине».</verse>
				<verse number="25">Нижер вукІана анкьго вац. ЧІужу ячун хадув хвана бищун кІудияв вац. Гьезул лъимер-бетІер лъугьун букІинчІелъул, хадусев вацас ячана гьесул йикІарай чІужу.</verse>
				<verse number="26">Гьединго ккана иш кІиабилесулги, лъабабилесулги, анкьабилесде щвезегІанги.</verse>
				<verse number="27">Ахиралда хвана гьей гІаданги.</verse>
				<verse number="28">Къиямасеб къоялъ гьев анкьавго вацасда гьоркьоса лъил чІужулъун гьей йикІине йигей? Анкьасулго лъади йикІиндалха гьей.</verse>
				<verse number="29">Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — Я ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, я Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъ къосинарун руго нуж.</verse>
				<verse number="30">Къиямасеб къоялъ чІаголъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги.</verse>
				<verse number="31">Хварал чІаголъизе рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Аллагьас нужеда абураб гьадинаб калима:</verse>
				<verse number="32">«Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь»? Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго.</verse>
				<verse number="33">Гьесухъ гІенеккараб халкъ гІажаиблъун хутІана ГІисал рагІабазда.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца саддукеял руцІцІун чІезарунилан рагІидал, фарисеял данделъана.</verse>
				<verse number="35">Гьезда гьоркьоса цо динияв гІалимчияс, ГІисал хІалбихьизелъун, гьесда гьикъана:</verse>
				<verse number="36">— Я, МугІалим! Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? — абун.</verse>
				<verse number="37">ГІисаца гьесда абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун».</verse>
				<verse number="38">Гьеб ккола бищунго аслияб ва тІоцебесеб амру.</verse>
				<verse number="39">Гьелдаго релълъараб буго кІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».</verse>
				<verse number="40">Гьеб кІиябго амру буго тІолабго Мусал къануналъулги аварагзабазул ТІухьдузулги кьучІ.</verse>
				<verse number="41">Фарисеял гьенире данделъараб мехалда, ГІисаца гьезда гьикъана:</verse>
				<verse number="42">— МасихІил хІакъалъулъ щиб пикру нужер бугеб? Лъил вас гьев? Давудил василан жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="43">ГІисаца гьезда абуна: — Илагьияб РухІалъ малъун, Давудица щайха гьев жиндир БетІергьанлъун рикІкІунев вугев? Давудица абуна:</verse>
				<verse number="44">«ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“».</verse>
				<verse number="45">Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугеб мехалъ, Давудил вас кин гьев кколев?</verse>
				<verse number="46">Лъиданиги кІвечІо ГІисае жаваб кьезе, ва гьеб къоялдаса нахъе лъилниги бахІарчилъи гІечІо гьесда щибниги гьикъизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="23">
				<verse number="1">Гьебмехалъ халкъалдехунги жиндирго муридаздехунги ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="2">— Муса аварагасул михІрабалде рахун кІалъалел руго гьанже диниял гІалимзабиги фарисеялги.</verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал гьезухъ гІенекке ва гьез абурабщинаб гьабе нужеца. Амма гьез гьабураб гьабуге. Гьез абулебги гьабулебги данде кколарелъулха.</verse>
				<verse number="4">Гьез раччи бакІлъизабулеб буго ва гьеб гІадамазул мугъзада лъолеб буго. Жидецагойин абуни гьелда биччун килищцин хъвалеб гьечІо.</verse>
				<verse number="5">Хириял рагІаби тІад хъварал чалуялги гІеблъизарун, гІабаялъул гІертелалги халалъизарун, кинабго гьез гьабулеб буго гІадамазда бихьизелъун.</verse>
				<verse number="6">Гьезие бокьула гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе ва синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе,</verse>
				<verse number="7">базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе ва гІадамаз жидеда мугІалимзабийилан абизе.</verse>
				<verse number="8">Амма нужедаго мугІалимзабийилан абизе биччаге нужеца. Щайин абуни, МугІалим цо вуго нужер, нуж киналго вацал руго.</verse>
				<verse number="9">Гьаб ракьалда лъиданиги эмениланги абуге, цо вуго нужер Эмен — зобалазда вугев Эмен.</verse>
				<verse number="10">Нужедаго насихІатчагІийилан абизеги биччаге, гІицІго МасихІ вуго нужер НасихІатчи.</verse>
				<verse number="11">Нужер бищунго кІудияв нужее хъулухъалъе чІа абе.</verse>
				<verse number="12">Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъизе вуго, гІодовегІанлъизавурав тІадегІанлъизе вуго.</verse>
				<verse number="13">Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Зобалазул ПарччахІлъиялъул нуцІа рахана нужеца гІадамазда цебе: нужгоги лъугьунел гьечІо гьенире, лъугьине бокьаралги риччалел гьечІо.</verse>
				<verse number="14">[14-15] Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Ралъадалги ракьалги тирула нужеца, цогІаги чи диналде вуссинародайилан. Амма диналде вуссун хадув, нужеца гьев, нуж кІигогІан цІикІкІараб даражаялда, жужахІалъул агьлулъун лъугьинавула.</verse>
				<verse number="15"></verse>
				<verse number="16">Балагьги гІазабги нужее, бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал! Нужеца абула: «Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон бараб гьа бихханиги бегьулилан, амма Мукъадасаб Рокъоб бугеб меседалхІайин бараб гьа биххизе бегьуларилан».</verse>
				<verse number="17">Бецал гІабдалзаби руго нуж. Мукъадасаб Рукъищ хирияб бугеб, яги Мукъадасаб Рукъалъ жиб хиралъизабураб меседищ?</verse>
				<verse number="18">Нужеца цоги абула: «Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедараб гьа бихханиги бегьулилан, амма гьениб лъураб къурбаналхІаян гьедараб гьа биххизе бегьуларилан».</verse>
				<verse number="19">Бецукал руго нуж! Къурбаналъул гьан лъолеб бакІищ хирияб, яги гьеб бакІалъ хиралъизабураб къурбанищ?</verse>
				<verse number="20">ХІакъикъаталдаги къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьениб лъун бугебщинабги рехсолеб бугогури.</verse>
				<verse number="21">Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьеб рукъалъул БетІергьанасул цІарги рехсолеб бугогури.</verse>
				<verse number="22">ЗобалхІайилан гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ зобалазда бугеб тахги тахида вугевги рехсолел ругогури.</verse>
				<verse number="23">Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца садакъаде кьола сагІаналъул, анисалъул ва мучариялъул анцІил бутІа, амма Къануналъул бищунго аслиял ритІухълъиги, рахІму-хІелмуги, Аллагьасде иман лъейги нужеца рехун тун руго. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги рехун тезе бегьуларо.</verse>
				<verse number="24">Бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал руго нуж! КІкІара ургьибе ккелебилан хІинкъун, лъим цІцІула нужеца, амма варанаби къулчІулел руго.</verse>
				<verse number="25">Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, гьелъул жаниса рахъ цІун буго зулмуялдалъунги хъантІиялдалъунги бакІараралъул.</verse>
				<verse number="26">Ле бецав фарисеяв, цин дуца суркІа-щурун жаниса бацІцІад гьабе, гьелъул къватІисахун рахъги бацІцІалъизе.</verse>
				<verse number="27">Балагьги-гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! ХъахІаб лажбар бахараб хобалда релълъуна нуж. КъватІисахун гьеб берцинго бихьула, амма гьелда жанибин абуни, хварасул ракьа-макъарги цогидаб хъублъиги букІуна.</verse>
				<verse number="28">ТІасан ралагьун, гІадамазда ккола нуж вализаби ратилилан, амма жаниса нуж ххвелазул ва пасалъиялъул цІун руго.</verse>
				<verse number="29">Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Цересел аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца, вализабазул хобазда занал чІвалел руго.</verse>
				<verse number="30">Нужеца абулеб буго, дол умумузул заманаялъ ниж рукІаралани, аварагзабазул би гІодобе тІеялъулъ нижеца гІахьаллъи гьабилароанилан.</verse>
				<verse number="31">Гьелдалъун нужеца нугІлъи гьабулеб бугогури дол аварагзаби чІваразул васал нуж рукІиналъе.</verse>
				<verse number="32">Умумузул мунагьазул къолода тІаде рикьиги балеб буго нужеца.</verse>
				<verse number="33">Гьай, чІегІераб борхьил наслу! ЖужахІалъуре рехизе бугеб хІукмуялдаса кире нуж рорчІилел?!</verse>
				<verse number="34">Гьале дица нужехъе ритІулел руго аварагзабиги, гІакъилзабиги, гІалимзабиги. Гьезул цоял нужеца чІвазе ва хъанчида разе руго. Цогидал нужерго синагогабазда жанир цІалаца рухизе руго, цо шагьаралдаса цогидалде лъутизаризе руго.</verse>
				<verse number="35">Дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб тІолабго бацІцІадаб бидул хІакъ нужеда тІаде ккезе буго. ВацІцІадав Гьабилидаса байбихьун, цинги Мукъадасаб Рукъалъул минаялдаги къурбан хъолеб бакІалдаги гьоркьов шагьидлъарав Барахиял вас Закарияде щвезегІан нужеца чІварал аварагзабазул би буго гьеб.</verse>
				<verse number="36">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьаб умматалде тІаде ккезе буго дозул бидул хІакъ.</verse>
				<verse number="37">Вай Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо.</verse>
				<verse number="38">Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила.</verse>
				<verse number="39">«БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», — ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="24">
				<verse number="1">ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьун нахъе унаго, муридал гьесда аскІоре рачІана гьаб Мукъадасаб Рукъалъул кІодолъи бихьуларищилан.</verse>
				<verse number="2">ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб кинабго бихьулищ? ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ганчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.</verse>
				<verse number="3">Цинги Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, муридаз гьарана: — Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва мун вачІиналъулги дуниял ахирлъиялъулги гІаламатал кин загьирлъулелали бице нижеда.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца абуна: — Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж!</verse>
				<verse number="5">Чанги вукІине вугелъулха жив МасихІ вугилан вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго.</verse>
				<verse number="6">Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІизе буго нужеда. Воре, нуж хІинкъуге гьелдаса. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро.</verse>
				<verse number="7">Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракъи баккила, ракь багъарила.</verse>
				<verse number="8">Гьеб кинабго ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи.</verse>
				<verse number="9">Гьебмехалъ нуж рачина гІазаб-гІакъуба кьезе ва чІвазе. Дун сабаблъун тІолабго гІаламалда рихина нуж.</verse>
				<verse number="10">Гьебмехалъ гІемерисел гІадамал къосина, цоцазе хилиплъила, цоцазда рихина.</verse>
				<verse number="11">ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила.</verse>
				<verse number="12">Пасалъи цІикІкІиндал, гІемерисезул рокьи ссун ина.</verse>
				<verse number="13">Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.</verse>
				<verse number="14">Ва ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ гьаб Рохалил хабар тІолабго дуниялалдаго лъазабила, киналго халкъазе нугІлъун букІине. Гьебмехалъин ахир букІунеб.</verse>
				<verse number="15">Даниял аварагасда Аллагьас бицараб чІунтелалъул къабихІлъи хирияб бакІалда бихьила нужеда, — цІалулесда лъалин гьелъул магІна —</verse>
				<verse number="16">гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал.</verse>
				<verse number="17">Гьеб къоялъ тІохда вугев, рокъоса къваригІараб-тараб босизе, гъоркье рещтІунгеян абе.</verse>
				<verse number="18">Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе.</verse>
				<verse number="19">Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб!</verse>
				<verse number="20">Хасало яги шамат къоялъ лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж.</verse>
				<verse number="21">Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб кІудияб балагь.</verse>
				<verse number="22">Гьел къоял къокълъизаризе Аллагьасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго.</verse>
				<verse number="23">Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни, МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, воре, нуж гьелда божуге.</verse>
				<verse number="24">Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Чанги кІуди-кІудиял гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез, бажарани, тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун.</verse>
				<verse number="25">Гьеб кинабго цебеккунго лъазабун толеб буго дица нужеда!</verse>
				<verse number="26">Доле МасихІ гІицІаб авлахъалда вугин абуни, гьениреги унге нуж, гьале рокъов жанив вахчун вугин гьевилан рагІани, гьелдаги божуге.</verse>
				<verse number="27">Бакъбаккудаса бакътІерхьуде щвезегІан тІолабго зоб гвангъизабулеб пири гІадин вачІина ГІадамил Лъимер.</verse>
				<verse number="28">Балкан бугеб бакІалде чудкал ракІарула.</verse>
				<verse number="29">Дол къоязул гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб гьебсагІатго бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила.</verse>
				<verse number="30">Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев.</verse>
				<verse number="31">Гьебмехалъ ссур пулеб гьаракь бахъина. Жинца тІаса бищараб агьлу зобалазул гьаб рагІалдаса бахъараб добцояб рагІалде щвезегІан — ункъабго рахъалдаса бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес.</verse>
				<verse number="32">Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ, нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи.</verse>
				<verse number="33">Гьелдаго релълъун, гьел гІаламатал рихьараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи.</verse>
				<verse number="34">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="35">Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.</verse>
				<verse number="36">Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала гІицІго Инсуда.</verse>
				<verse number="37">НухІ аварагасул заманаялда букІараб гІадин букІине буго ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъги.</verse>
				<verse number="38">ТІупан тІелалде, кваналел-гьекъолел, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана дол къоязда гІадамал, НухІ гамида жаниве лъугьинегІан.</verse>
				<verse number="39">ТІупан тІун, гьелъ росун инегІан, щибниги лъалеб жо букІинчІо гьезда. Гьедин букІина ГІадамил Лъимер вачІиндалги.</verse>
				<verse number="40">Гьебмехалъ хурив векьарилев вугев кІигоясул цояв вачина, цогидав хутІила.</verse>
				<verse number="41">Гьабихъ гІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила.</verse>
				<verse number="42">Гьединлъидал нуж рорчІуда чІа, нужеда лъаларелъул нужер ТІадегІанав кида вачІиневали.</verse>
				<verse number="43">Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, рорчІи ккун, гьес цІогьор жаниве лъугьине виччаларевлъи лъала нужеда.</verse>
				<verse number="44">Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.</verse>
				<verse number="45">Жиндир рагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател,</verse>
				<verse number="46">гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев вукІин гьесда лъани, — гьардарав гурищ гьединав рагьтІател.</verse>
				<verse number="47">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат.</verse>
				<verse number="48">Амма гьедин тарав квешав рагьтІател, жиндирго бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун,</verse>
				<verse number="49">живго гІадал рагьтІателал рухизе-кьабизе лъугьани ва гьекъолдухъабигун кваналев-гьекъолев чІани, щиб ккелеб?</verse>
				<verse number="50">Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан.</verse>
				<verse number="51">КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател. Ххвелал гьарулесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьединал гІадамал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="25">
				<verse number="1">Гьебмехалъ Зобалазул ПарччахІлъи релълъине буго бахІарасда дандчІвазе сардилъ нахул чирахъалгун бахІаралъул бакІалде арай анцІго ясалда.</verse>
				<verse number="2">Гьезул щугояй тохай йикІун йиго, щугояй цІодорай йикІун йиго.</verse>
				<verse number="3">Тохал ясаз чирахъал росун руго, чирахъазухъе тІезе нах цадахъ босун гьечІо.</verse>
				<verse number="4">ЦІодоразин абуни, пурччби цІун нахги босун буго чирахъазда цадахъ.</verse>
				<verse number="5">БахІарав кватІун вуго, гьесда дандчІвазе арал киналго ясалги гъапуллъун ккун руго, цинги кьижун ккун руго гьел.</verse>
				<verse number="6">Сордо бащалъараб мехалъ, цо ахІи бахъун буго, гьале бахІарав вачІунев вугин, гьесда дандчІвазе рахъаян.</verse>
				<verse number="7">Гьебмехалъ, тІаде рахъун, киналго ясал чирахъал рекъе-решезаризе лъугьун руго.</verse>
				<verse number="8">Тохал ясаз цІодоразда абун буго жидер чирахъазухъе тІезе нах кьейин, гьел свинехъин ругилан.</verse>
				<verse number="9">ЦІодорал ясаз гьезда абун буго, кІиязего хвараб гьабичІого, нужерго чирахъазе нах босизе нуж тукаде ун лъикІилан.</verse>
				<verse number="10">Нахуда хадур гьел араб мехалъ, бахІарав вачІун вуго. ХІадурго чІун ратаралги цадахъ рачун, бахІарав бертадул рокъове лъугьун вуго. Нахъасан нуцІаги рахан буго.</verse>
				<verse number="11">Цинги рачІун руго дол ясал. — Я, бетІерчІахъад! Я, бетІерчІахъад! НуцІа ричІе нижее, — ян ахІдезе лъугьун руго гьел.</verse>
				<verse number="12">— ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида лъалел чагІи гуро нуж! — абун жаваб кьун буго бахІарас.</verse>
				<verse number="13">Гьединлъидал, рорчІуда чІа нуж: я къо, я сагІат лъаларелъул нужеда.</verse>
				<verse number="14">Цоги гьеб релълъинабизе бегьула сапаралъ иналде, ахІун рагьтІателалгун, гьезухъе цІунизе жиндирго боцІи-рикъзи кьурав цо пуланав чиясда.</verse>
				<verse number="15">Цоясухъе гьес кьун буго щуазарго месед, цогиясухъе — кІиазарго месед, лъабабилесухъе — азарго месед, — щивасухъе гьесул бажари-гьунаралда рекъон. Цинги сапаралъ ун вуго.</verse>
				<verse number="16">Щуазарго месед щварас, гьебсагІат инеги ун, гьелдасан щуазаргоги месед хайирлъизабун буго.</verse>
				<verse number="17">КІиазарго щварас гьединго кІиазаргоги месед хайирлъизабун буго.</verse>
				<verse number="18">Азарго месед щварас, инеги ун, бухъун гвендгун, ракьулъ бахчун буго жиндирго бетІергьанасул месед.</verse>
				<verse number="19">Гьелдаса гІемераб заман индал, тІадвуссун вачІун, гьезул бетІергьанас рагьтІателал ахІун руго доб меседалъул хІисаб-суал гьабизе.</verse>
				<verse number="20">Щуазарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас, вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб щуазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб щуазарго меседги».</verse>
				<verse number="21">Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе».</verse>
				<verse number="22">КІиазарго месед жиндихъе кьун букІарав дов рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб кІиазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб кІиазарго меседги».</verse>
				<verse number="23">Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе».</verse>
				<verse number="24">Азарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Дида лъалаан мун дуцаго бекьичІеб лъилъулев, дуцаго кІутІичІеб бищулев, согІав чи вукІин.</verse>
				<verse number="25">Дукьа хІинкъун, дица доб азарабго месед ракьулъ бахчун тун букІана. Гьале нахъе босе дурго гьаб».</verse>
				<verse number="26">«Гьай, квешав ва кІвахІалав рагьтІател! — ан абун буго гьесул бетІергьанас. — Дуда лъалеб букІун буго дицаго бекьичІеб лъилъулев, дицаго кІутІичІеб бищулев чи дун вукІин.</verse>
				<verse number="27">Гьединлъидал дуца гьаб дир месед базаргабазухъе къарзалъ кьезе кколаан. Жакъа тІадвуссун вачІараб мехалъ, хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе».</verse>
				<verse number="28">Цинги абун буго, гьасухъаги босун, гъоб азарабго месед дов анцІазарго месед бугесухъе кьейилан.</verse>
				<verse number="29">«Кодолъи бугевщинасе, гІунги тІокІлъиледухъ, тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.</verse>
				<verse number="30">Гьев пайда гьечІев рагьтІател дове бецІаб къотІнове рехе. ГІодилел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал».</verse>
				<verse number="31">Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев.</verse>
				<verse number="32">Киналго халкъал данделъила гьесда цере гьебмехалъ, ва вехьас чахъабиги цІцІаниги ратІа гьарулел гІадин, цоцаздаса ратІа гьарила.</verse>
				<verse number="33">Чахъаби гьес жиндирго кваранаб рахъалда чІезарила, цІцІани квегІаб рахъалда чІезарила.</verse>
				<verse number="34">Гьебмехалъ ПарччахІас кваранаб рахъалда ругезда абила: «Ле, дир Инсул баркат лъурал гІадамал, дуниял бижаралдаса нахъего нужее къачІан букІараб ПарччахІлъи босизе рачІа.</verse>
				<verse number="35">Щайин абуни, дун вакъун хутІидал — нужеца кваназавуна, къечон хутІидал — гьекъезавуна, сапаралда вукІун, къотІнов хутІидал — рокъове вачун, гьоболлъи гьабуна.</verse>
				<verse number="36">ТолохІочон хутІидал — нужеца дие ретІел кьуна; дун унтараб мехалъ — нуж диде раккизе рачІана; дун туснахъалъуве ккедал — нуж дихъе хьвадана».</verse>
				<verse number="37">Гьел муъминзабаз абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун ватун — кида нижеца мун кваназавурав? Къечон ватун — кида гьекъезавурав?</verse>
				<verse number="38">КъотІнов ватун — кида нижеца мун рокъове вачарав? ТолохІочон ватун — кида нижеца дуе ретІел кьураб?</verse>
				<verse number="39">Унтун яги туснахъалъув ватун — кида ниж духъе рачІарал?»</verse>
				<verse number="40">ПарччахІас, гьезие жаваб кьун, абила: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир бищунго гІисинал вацазул цоясениги нужеца гьабурабщинаб, гьеб буго дие гьабураб лъикІлъи».</verse>
				<verse number="41">КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а.</verse>
				<verse number="42">Дун вакъун хутІидал — кваназавичІо нужеца, къечон хутІидал — гьекъезавичІо.</verse>
				<verse number="43">Сапаралда вукІун дун къотІнов хутІидал — рокъове вачун, гьоболлъи гьабичІо нужеца, дун гІицІтолохІоч хутІидал — ретІине ретІел кьечІо, дун унтараб мехалъ ва туснахъалде ккедал — дихъе рачІинчІо нуж».</verse>
				<verse number="44">Гьебмехалъ дозги гьесда абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун хутІун — кида мун нижеда ватарав? Къечон хутІун — кида ватарав? КъотІнов хутІун, яги гІицІтолохІоч хутІун, яги унтун, яги туснахъалде ккун — кида мун нижеда ватарав? Кида нижеца дуе хъулухъ гьабичІеб?»</verse>
				<verse number="45">Гьес жаваб кьела: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бищунго гІисиназул цоясениги гьабичІебщинаб, гьеб буго нужеца дие гьабичІого тараб лъикІлъи».</verse>
				<verse number="46">Гьединазе букІина абадияб тамихІ, ритІухълъаразе букІина абадияб гІумру!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="26">
				<verse number="1">Гьеб хабар бицун лъугІараб мехалъ, жиндирго муридазда ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="2">— Нужеда лъалаха кІиго къоялдасан Пасхаялъул байрам букІине бугеблъи. Гьеб къоялъ ГІадамил Лъимадуе хилиплъизе руго ва гьев хъанчида вазе вуго.</verse>
				<verse number="3">Кайафа абун жинда цІар бугев бищунго кІудияв кашишасул кІалгІаялъуре данделъун рукІана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги.</verse>
				<verse number="4">Гьез хІукму гьабуна, хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун, ГІиса чІвазавизе кколилан.</verse>
				<verse number="5">Амма байрамалъул къоялъ бегьиларин, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан абулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="6">Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетаниялда кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ,</verse>
				<verse number="7">цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб махІгьуинаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун ячІарай цо пуланай чІужугІаданалъ, гьеб гьесул ботІроде чІехьола.</verse>
				<verse number="8">Гьеб бихьараб мехалъ, ГІисал муридазул ццин бахъана: — Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб?</verse>
				<verse number="9">Гьеб нахги хирияб багьаялде бичун, гьелъухъ щвараб гІарац мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан.</verse>
				<verse number="10">Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца гьезда абуна: — Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей.</verse>
				<verse number="11">Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев.</verse>
				<verse number="12">Дир черхалда тІаде махІгьуинаб нахги тІун, гьей чІужугІаданалъ хабалъейин дун къачІалев вугев.</verse>
				<verse number="13">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІолабго дуниялалда гьеб Рохалил хабар лъазабунщинаб бакІалда бицен букІине буго, гьай гІаданги ва гьалъ дие гьабураб лъикІлъиги ракІалде щвезабун.</verse>
				<verse number="14">Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот абулев чияс, чІахІиял кашишзабазухъе ун, гьезда гьикъана:</verse>
				<verse number="15">— ГІиса дица нужер кверде кьуни, щиб нужеца дие кьелеб? — ан. Лъеберго гІарцул гъурущ кьезе къотІи гьабуна гьез Ягьудае.</verse>
				<verse number="16">Гьелдаса нахъе Ягьудаца балагьулеб букІана ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб бакІги заманги.</verse>
				<verse number="17">РеччичІел Панкъазул Байрамалъул тІоцебесеб къоялъ, ГІисахъе рачІун, муридаз гьикъана: — Пасхаялъул квен киб кваназе дуе бокьилеб? Нижеца хІадур гьабила гьеб.</verse>
				<verse number="18">ГІисаца абуна: — Шагьаралда вугев цо пуланав чиясухъе ун, гьесда абе нужеца, жиндир болжалги гІагарлъун бугелъул, Пасхаялъул байрам жиндирго муридазда цадахъ дур бакІалда тІобитІилин абизе ритІанин ниж нижер МугІалимасилан.</verse>
				<verse number="19">ГІисаца абурабги тІубазабун, гьез пасхаялъул квенги хІадур гьабуна.</verse>
				<verse number="20">Дуниял рукІкІараб мехалъ вачІун, анцІила кІиявго муридасда цадахъ кваназе гІодов чІана ГІиса.</verse>
				<verse number="21">Кваналел рукІаго, гьес абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила.</verse>
				<verse number="22">Кутакалда пашманлъана гьел. Цин-циял рахъун цІехана: — Я, БетІерчІахъад! Дун гуро гурищ? — абун.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьезда абула: — Дида цадахъ гьаб гъадринибе квер бегьулев вугев чи хилиплъизе вуго дие.</verse>
				<verse number="24">ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие.</verse>
				<verse number="25">Гьесие хилиплъарав Ягьудаца гьикъана гьебмехалъ: — Дун гуро гурищ, Рабби? — ян. ГІисаца гьесда абуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.</verse>
				<verse number="26">Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун муридазухъе кьолаго, абуна: — Босе, кванай. Гьаб буго дир черх.</verse>
				<verse number="27">Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьолаго, ГІисаца абуна: — Кинацаго гьекъе гьаб щурумалъуса.</verse>
				<verse number="28">Гьаб буго киназулго мунагьал чуризе гІоло тІолеб дир би — ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би.</verse>
				<verse number="29">Дица нужеда абулеб буго: дир Инсул ПарччахІлъиялда цІияб чагъир нужеда цадахъ гьекъолеб къо тІаде гІунтІизегІан, дица гьаб цІолбол цІураб жа тІокІаб гьекъезе гьечІо.</verse>
				<verse number="30">Цинги гьез туркаби ахІана, гьениса рахъун ун, Зайтуналъул магІарде рахана.</verse>
				<verse number="31">Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула: — Дида аскІоб яхІ рехараб жо гьабизе буго къаси нужеца кинацаго. ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиял рехъенги рахъ-рахъалде тІурун ина».</verse>
				<verse number="32">Хун тун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде.</verse>
				<verse number="33">Пётрица гьесда абуна: — Киназго яхІ реханиги, дица киданиги яхІ рехиларо.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гьанже радакье хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабизе буго дуца дидаса.</verse>
				<verse number="35">Пётрица гьесда абуна: — Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, — ян. Гьедин абулеб букІана киналго цогидал муридазги.</verse>
				<verse number="36">Цинги ГІиса гьезда цадахъ Гетсемания абулеб бакІалде уна. Гьес муридазда абула: — Нуж гьанир гІодор чІун рукІа, дове ун, Аллагьасе гьари-дугІа гьабун дун вачІинегІан.</verse>
				<verse number="37">Пётрги Зебедайил кІиявго васги рачана ГІисаца жиндаго цадахъ, ва гьев ккана къваридаб ва пашманаб ургъалилъе. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула:</verse>
				<verse number="38">— Хвалил гІазаб буго дир рекІее. Нуж гьанир дида цадахъ рукІа ва рорчІуда чІа.</verse>
				<verse number="39">Цинги, дагьав довегІанги ун, кІалагъоркьеги речІчІун, гьари-дугІаялда абулеб букІана гьес: — Я, дир Эмен! Бегьулеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте.</verse>
				<verse number="40">ТІадвуссун вачІиналде, муридал кьижун ратана. Гьес Пётрида абуна: — Цо сагІаталъ дида цадахъ кьижичІого чІезе кІолеб букІинчІебищ нужеда?</verse>
				<verse number="41">Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ — лебалаб, черх — загІипаб.</verse>
				<verse number="42">Нахъеги довегІанги ун, гьари-дугІа гьабуна: — Я, дир Эмен! Гьеб хвалил лълъар дица гьекъечІого гІолареб батани, дуе бокьухъе букІине биччанте.</verse>
				<verse number="43">Гьанжеги тІадвуссун щведал, ГІисада гьел ратула, беразул тІелхал бакІлъун, кьижун ккун.</verse>
				<verse number="44">Гьелги жалго тун, нахъеги довегІанги ун, лъабабизеги гьари-дугІаялда долго рагІаби абизе лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="45">Цинги тІадвуссун вачІун, гьес муридазда абуна: — Нуж жеги рахІаталда кьижунищ ругел? Гьале тІаде гІунтІана доб ГІадамил Лъимер мунапикъзабазул кверде кьолеб сагІат.</verse>
				<verse number="46">Гьа, рахъа, доле хиянатчи тІаде щолев вугин.</verse>
				<verse number="47">ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана Ягьуда — дол анцІила кІигояздасан цояв. Гьесда цадахъ хвалчабигун, тІилалгун тІаде бачІунеб букІана чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги битІараб гІемераб халкъ.</verse>
				<verse number="48">Хиянатчияс гьезда лъазабун букІана: «Дица убач гьабурав чи ГІиса вукІина. Цинги ккве нужеца гьев».</verse>
				<verse number="49">Ягьуда битІун ГІисада аскІове уна. — Ассаламу гІалайкум, Рабби! — янги абун, ГІисада убач гьабула.</verse>
				<verse number="50">ГІисаца гьесда абула: — Дурго мурад тІубазабе, гьудул, гьанже. ГьебсагІат тІадречІчІун гІадамаз ГІиса къан ккола.</verse>
				<verse number="51">Гьебмехалъ ГІисал цо муридас лъалиниса бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана бищунго кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула.</verse>
				<verse number="52">ГІисаца гьев муридасда абуна: — Хвалчен лъалиниб лъе! Хвалчен бахъарав хвалчадалъун хвезе вуго.</verse>
				<verse number="53">Дие кумекалъе гьабсагІат малаикзабазул анцІила кІигоялдаса цІикІкІун бо битІеян дирго Инсуда гьаризе дида кІоларебиланищ дуда ракІалде кколеб?</verse>
				<verse number="54">ТІухьдузда хъвавухъе лъугьинарогури гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="55">ГьебсагІаталъ ГІисаца гьел гІадамаздехун вуссун абуна: — Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. Щибаб къоялъ халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов гІодов чІун вукІунаангури дун, гьениб нужеца диде квер борхичІо.</verse>
				<verse number="56">Амма гьаб кинабго лъугьунеб буго аварагзабазул ТІухьдузда хъвараб ритІухълъизелъун. Гьебмехалъ киналго муридал, вукІаралъув гьевги тун, лъутун уна.</verse>
				<verse number="57">Гьез ГІиса вачана Кайафа абулев бищунго кІудияв кашишасул бакІалде. Гьенир данделъун рукІана диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби.</verse>
				<verse number="58">Пётрги вукІана нахъа-нахъа чІун вачІунев, ва гьездаго хадув цун, бищунго кІудияв кашишасул азбаралъухъе щвана гьев. Жаниве лъугьун, гІодов чІана.</verse>
				<verse number="59">Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги тІолабго тІадегІанаб судалъги балагьулеб букІана ГІиса чІвазе къотІиялъе гІураб гІайиб гьесде гІунтІизабизе гьересинугІлъи.</verse>
				<verse number="60">Амма гьеб гьезухъе щолеб букІинчІо, гьересинугІлъиялъе гІезегІанго гІадамал гьенире рачІунел рукІаниги. Амма ахиралда кІиго чи вачІун,</verse>
				<verse number="61">гьез бицана, гьас абулеб букІанин Аллагьасул Мукъадасаб Рукъ щущазабизе ва лъабго къоялде цІидасан гьеб базе кІолин жиндаян.</verse>
				<verse number="62">Гьебмехалъ, тІаде вахъун, бищунго кІудияв кашишас ГІисада гьикъана: — Дуда данде нугІлъи гьабун гьаз бицунеб бугеб жоялъе жаваб кьезе рагІигойищ дур гьечІеб?</verse>
				<verse number="63">ГІиса вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас гьесда абуна: — ХІакъав Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дица дуда: Аллагьасул Вас МасихІ мун ватани, вугилан абе нижеда.</verse>
				<verse number="64">ГІисаца гьесда абуна: — Дуцаго абулеб бугоха гьедин, амма дица нужеда абулеб буго: гьанжеялдаса хадув ГІадамил Лъимер нужеда вихьила Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІунев.</verse>
				<verse number="65">Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашиш, жиндаго тІад букІараб ретІелги тІутІун балаго, ахІдезе лъугьана: — Гьас гІасиял-пасикъал жал рицунел руго. ТІокІалги сундуе нилъее нугІзал къваригІарал? Гьале гьабсагІат рагІанагури гьасул гІасиял-пасикъал рагІаби. Щиб пикру нужер бугеб?</verse>
				<verse number="66">Киназго абуна гьев чІвазе къотІизе кколилан.</verse>
				<verse number="67">Цинги гьел ГІисал бадире тударизе, гьев вухизе лъугьана.</verse>
				<verse number="68">— Мун авараг ватани, лъица кьабурабали бице, МасихІ! — анги абун, гьесул кІаркьен чІвалаан.</verse>
				<verse number="69">Азбаралъув гІодов чІун вукІарав Пётрида аскІое ячІун, цо гъаравашалъ абуна: — Мунги вукІанагури Галилеялдаса ГІисада цадахъ.</verse>
				<verse number="70">Киназдаго цебе нагІадала ккун, Пётрица абуна дуца бицунеб жо щибилан.</verse>
				<verse number="71">Пётр кавудухъехун унаго, гьений йикІарай цоги гъаравашалда вихьана гьев. Гьенир аскІор ругезда гьелъги абуна гьав чи Назареталдаса ГІисада цадахъ вукІанилан.</verse>
				<verse number="72">Гьев чи жинда лъаларилан гьедун нагІадала ккуна Пётрица гьанжеги.</verse>
				<verse number="73">ГІемер мехго балелде гьенир рукІарал гІадамаз, аскІоре рачІун, Пётрида абуна: «Гьайгьай, мунги дозул чи вуго. МацІалъухъ балагьун лъалеб буго мун ватІа вахъизе».</verse>
				<verse number="74">Гьебмехалъ Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев чи жинда лъаларилан. ГьебсагІат рагІана гІегІедулеб хІелкил гьаракь.</verse>
				<verse number="75">Пётрида ракІалде щвана радакье хІелеко бахъиналде, лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="27">
				<verse number="1">Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабазги халкъалъул чІухІби-хІакимзабазги — киназго ГІисада дандечІараб хІукму гьабуна гьев чІвазе къотІизе.</verse>
				<verse number="2">Вухь-вухьун вачун ГІиса кьуна Пилат сардарасухъе.</verse>
				<verse number="3">ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна.</verse>
				<verse number="4">Гьес абуна: «ГІайибго гьечІеб бидул хІакъги мунагьги ккана диде». Гьез абуна: «Нижеца щиб гьабеянха мун вугев? Дур иш буго гьеб».</verse>
				<verse number="5">Мукъадасаб Рокъобе рехун гьеб гІарацги тун, Ягьуда нахъе ана ва живго жинцаго гъанкъана.</verse>
				<verse number="6">Гьеб гІарацги кодобе босун, чІахІиял кашишзабаз абуна чиясул бидухъ щвараб гІарац, Къануналда рекъон, Мукъадасаб Рукъалъе садакъаде кьезе бегьуларилан.</verse>
				<verse number="7">Цинги гьез, цоцазда дандбан, хІукму гьабуна гьеб гІарцухъ «ЩагІихъанасул хур» абулеб бакІ бичун босизе ва гьеб апарагзаби рукъизе хабалазе тезе.</verse>
				<verse number="8">Гьединлъидал гьеб бакІалда жакъа къоялделъагІанги «Бидул хур» абун цІар хутІун буго.</verse>
				<verse number="9">Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасул гьадинал рагІаби: «Ва гьезие щвана лъеберго гІарцул гъурущ, гьез багьа чІезабурасухъ кьураб мухь, гьединаб букІана Исраилил наслуялъул цо-цо гІадамаз гьесухъ чІезабураб багьа. Гьеб гІарцухъги щагІихъанасул хур босана гьез.</verse>
				<verse number="10">Гьедин лъазабуна дида БетІергьанас».</verse>
				<verse number="11">Сардарасда цеве чІезавуна ГІиса. Сардарас ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.</verse>
				<verse number="12">Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жинде гІайиб гІунтІизабулеб мехалъ, ГІисаца жаваб кьечІо.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ Пилатица гьесда абуна: — Дуда рагІулеб гьечІищ гьаз, дуде гІайиб гІунтІизабун, гьабулеб бугеб нугІлъи?</verse>
				<verse number="14">Цо рагІи абунцин ГІисаца жаваб кьечІелъул, сардар цІакъ гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.</verse>
				<verse number="15">ГІадат букІана халкъалъе бокьарав цо туснахъ сардарас байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб.</verse>
				<verse number="16">Гьеб заманаялда туснахъалъув вукІана Барабба абун цо цІар рагІарав такъсирчи.</verse>
				<verse number="17">Халкъ бакІарараб мехалъ Пилатица гьикъана: — Нужехъе къватІиве щив виччазе нужее бокьилеб: Бараббайищ яги МасихІилан жинда абулев ГІисайищ?</verse>
				<verse number="18">(Пилатида лъалеб букІиндалха жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.)</verse>
				<verse number="19">ХІукму къотІизе тахида гІодов чІун Пилат вугеб мехалъ, чІужуялъ чи витІун вачІана, нолъ ГІисал рахъалъ бихьараб квешаб макьуялъ гІазаб кьолеб бугин жиндие, дуца гьев щибго гІайиб гьечІев валиясе расги гьабугейилан абизе.</verse>
				<verse number="20">Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги халкъ мукІур гьабун букІана Барабба къватІиве виччаян ва ГІиса чІвазе къотІеян гьаризе.</verse>
				<verse number="21">Сардарас гьезда гьикъана: — Гьел кІиязулго кинавав къватІиве виччазе нужее бокьилеб? — Барабба, — ян абуна гьез.</verse>
				<verse number="22">Цинги Пилатица гьезда гьикъана: — Гьедин батани, МасихІилан жинда абулев ГІисада щибха гьабилеб? Гьел киназго абуна: — Хъанчида вазе ккола гьев!</verse>
				<verse number="23">Пилатица гьебмехалъ абуна: — Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе ккола гьев!</verse>
				<verse number="24">Гьабизе кІолеб жо гьечІеблъи бихьун, хІатта гъалмагъир ккезехъин букІин бичІчІун, Пилатица, лъимги бачІинабун, кверал чурана, гьел гІадамазда бихьуледухъ. Цинги гьес абуна: — Щибго гІайиб гьечІев гьав чиясул бидул хІакъ дида тІад гьечІо. Гьаб иш нужер буго.</verse>
				<verse number="25">Кинабго халкъалъ жаваб кьуна: — Гьесул бидул хІакъ нижедаги нижер лъималаздаги тІад буго.</verse>
				<verse number="26">Гьебмехалъ Пилатица Барабба гьезухъе виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.</verse>
				<verse number="27">Цинги сардарасул рагъухъабаз ГІиса вачана претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе.</verse>
				<verse number="28">ТІаса ретІелги бахъун, бецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад.</verse>
				<verse number="29">Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода, кваранаб квералъухъе гІансаги кьола. Цинги, гІад-хочІие гьавун, гьесда цере накабазда чІола: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» — ян ахІулаго.</verse>
				<verse number="30">Гьел ГІисаде тударула, гІонсоца бетІер бухула.</verse>
				<verse number="31">ХІалхьезегІан инжит-хІакъирги гьавун, доб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.</verse>
				<verse number="32">Гьев вачун унаго, хуриса вачІунев вукІарав Киренеялдаса цо Симон абулев чи данде ккана. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч.</verse>
				<verse number="33">Гьел щвана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ».</verse>
				<verse number="34">КьогІлъизабураб чагъир кьуна гьесие гьекъезе. Цо кІалдибеги босун, ГІисаца инкар гьабуна гьелдаса.</verse>
				<verse number="35">Гьевги хъанчида ван, можоро тІамун гьесул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьана рагъухъабаз.</verse>
				<verse number="36">Хъаравуллъи гьабун гьенирго чІана гьел.</verse>
				<verse number="37">«ЖугьутІазул парччахІ ГІиса», — абун, гьесде гІунтІизабураб гІайиб тІад хъвараб хъарщиги чІвана гьесул бетІералда тІадехун.</verse>
				<verse number="38">КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.</verse>
				<verse number="39">Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун абулеб букІана: — Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур, мунго хвасар гьаве!</verse>
				<verse number="40">Мун Аллагьасул Вас ватани, хъанчидаса гІодове рещтІа!</verse>
				<verse number="41">Гьединго чІахІиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги ва чІухІби-хІакимзабиги, гьев хІакъир гьавун гаргадулел рукІана:</verse>
				<verse number="42">— Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи. Исраилил умматалъул парччахІила жив! РещтІа абе гьанже хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда.</verse>
				<verse number="43">Аллагьасе живго аманат гьавун вукІанин, Аллагь гьасдаса рази ватани, гьанже гьес хвасар гьавеян абе. Аллагьасул Вас вугилан гурищ гаргадилев вукІарав?</verse>
				<verse number="44">Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалги рукІана гьединго ГІисаде хьанделел.</verse>
				<verse number="45">Къалъул гІужалда тІолабго ракь бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан.</verse>
				<verse number="46">СагІат лъабго тІубалеб мехалъ, цо гучаб гьаракь гьабун, ахІана ГІисаца: — Эли, Эли! Лема шевактани! — абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)</verse>
				<verse number="47">Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ абулеб букІана Иляс аварагасде ахІи балеб бугин гьесилан.</verse>
				<verse number="48">Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана ва, гІорол тІогьибги бухьун, бегьана гьесухъе.</verse>
				<verse number="49">Цо-цояз абулеб букІана: «ЧІа, гьанже бихьилин гьев хвасар гьавизе Иляс авараг вачІунищали».</verse>
				<verse number="50">Цоги нухалъ гучаб гьаракьги гьабун, хвана ГІиса.</verse>
				<verse number="51">Гьале Мукъадасаб Рокъоб хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана, ракь багъарана, кьураби риххун ана,</verse>
				<verse number="52">хабал кьватІун ана, хваралъуса чІаголъун, гьениса къватІире лъугьун рачІана церего хварал гІемерал вализаби.</verse>
				<verse number="53">ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ, гьесда цадахъ Мукъадасаб шагьаралде рачІана гьелги, ва гьенир гІезегІан чагІазда рихьана гьел.</verse>
				<verse number="54">Ракь багъариги цогидал хІикматал ишалги рихьараб мехалъ, аскаралъул нусилбетІерги ГІиса цІунун гьесда цадахъ рукІарал рагъухъабиги цІакъ хІинкъана. Гьез абуна: — ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.</verse>
				<verse number="55">Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рачІун, ГІисае хъулухъалъе чІарал гІемерал руччабиги рукІана гьенир, нахъегІан чІун ралагьун. Гьезда гьоркьор рукІана:</verse>
				<verse number="56">Магдалаялдаса Марямги, Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Зебедайил васазул эбелги.</verse>
				<verse number="57">МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, гьениве вачІана Ариматея шагьаралдаса Юсуп абулев цо бечедав чи. ГІисал мурид вукІана гьевги.</verse>
				<verse number="58">Пилатихъе ун гьес гьарана ГІисал жаназа букъизе кьеян. Пилатица изну кьуна.</verse>
				<verse number="59">Юсупица ГІисал жаназа нахъе босула, бацІцІадаб хІебтил мусруги бан,</verse>
				<verse number="60">гьеб букъула кьурулъ бикІун жиндиего хІадурун букІараб хабалазул нохъода цІияб хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тун, гьев нахъе ана.</verse>
				<verse number="61">ГІиса хабалъ лъолеб мехалъ, дандритІухъе гІодорчІун рукІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги.</verse>
				<verse number="62">Гьеб букІана рузман къо. Нахъисеб къоялъ данделъун чІахІиял кашишзабиги фарисеялги Пилатихъе ана ва гьез абуна:</verse>
				<verse number="63">— Я, бетІерчІахъад! Нижеда ракІалде щвана гьанже: чІаго вугеб мехалъ гьадав гьерсихъанас абулаан хун лъабго къоялдасан хваралъуса вахъине вугилан.</verse>
				<verse number="64">Гьединлъидал лъабго къо инегІан досул хоб цІунизе хъаравулзаби тІаме. Досул муридаз, бикъун гьеб жаназагун, гІадамазда абизе бегьула ГІиса чІаголъун вугилан. Досулалдасаги кІудияб гьереси букІина гьеб.</verse>
				<verse number="65">Пилатица гьезда абуна: — Гьаниса рачун хъаравулзабигун, нужеего бокьухъе цІуне гьеб хоб.</verse>
				<verse number="66">Инеги ун, гьез хоб цІунизе тадбир гьабуна: ганчІида мугьру чІвана ва гьенир хъаравулзаби тана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="28">
				<verse number="1">Шамат къо индал, анкьил тІоцебесеб къоялъул рогьалилъ, ГІисал хабаде рахине рачІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги.</verse>
				<verse number="2">Зобалаздасан гьениве рещтІун вуго Бичасул малаик. Хабал картІида цун лъун букІараб гамачІги нахъе босун, гьелда тІад гьев гІодов чІедал, кутакалда ракь багъарана.</verse>
				<verse number="3">Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад.</verse>
				<verse number="4">Гьесукьа хІинкъун хъаравулзаби сородана ва хварал чагІи гІадин лъугьана.</verse>
				<verse number="5">Гьел руччабазда малаикас абуна: — Нуж хІинкъуге! Хъанчида ван хвезавурав ГІиса нужеца валагьулев вукІин лъала дида.</verse>
				<verse number="6">Гьев гьанив гьечІо. Гьес абухъе, хваралъуса вахъана ГІиса. Гьанире рачІа гьев вукъун вукІараб бакІалде ралагьизе.</verse>
				<verse number="7">ГьабсагІат ун нужеца ГІисал муридазда абе, гьев хваралъуса вахъун вугин, нужедаса цеве Галилеялде щвезе вугин ва гьенив вихьилин нужеда гьев. Гьале гьадин абулеб буго дица.</verse>
				<verse number="8">Гьеб хобалдаса рикІкІалъизе гІедегІана гьел, ва хІинкъиялъги рохиялъги куркьбал гъурал руччаби рекерун ана муридазда гьеб хабар лъазабизе.</verse>
				<verse number="9">Гьале, рорчІамиянги абун, гьезда данде вачІана ГІиса. АскІоре ун, гьел руччаби, ГІисае сужда гьабун, гьесул хІатІазда хурхана.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца гьезда абуна: — Нуж хІинкъуге! Инеги ун, дир вацазда абе Галилеялде аян. Дова вихьила гьезда дун.</verse>
				<verse number="11">Гьел руччаби нахъе аралго, дол хъаравулзабазда гьоркьоса цо чанго чи шагьаралде ана ва чІахІиял кашишзабазда бицана доба ккарабщиналъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги чІухІби-хІакимзабиги данделъана щиб гьабилебали дандбазе. Цинги, гІурабгІан гІарацги хъаравулзабазе кьун,</verse>
				<verse number="13">гьезда абуна: — Нужеца бице: «Ниж кьижун ккараб мехалъ сардилъ рачІун ГІисал муридаз жаназа бикъун ана», — ян.</verse>
				<verse number="14">Нагагь сардарасде гьеб хабар щвани, нижеца рекъезабила гьесулгун иш ва нужее гьелъул щибго къварилъи ккезе биччаларо.</verse>
				<verse number="15">Босун гьеб гІарацгун, гьел рагъухъабазги жидеда малъухъе гьабуна. Ва жугьутІазда гьоркьоб жакъа къоялде щвезегІанги тІибитІун буго гьеб хабар.</verse>
				<verse number="16">ГІисал анцІила цо мурид, Галилеялде ун, гьес бихьизабун букІараб магІарде рахана.</verse>
				<verse number="17">ГІиса вихьидал, гьел суждаялда чІана, цо-цоязул рекІелъ щаклъиги бижана.</verse>
				<verse number="18">АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: — Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре.</verse>
				<verse number="20">Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="41">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго.</verse>
				<verse number="2">Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев»;</verse>
				<verse number="3">«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: — БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!»</verse>
				<verse number="4">Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес.</verse>
				<verse number="5">Гьесухъе бачІунеб букІана Ягьудиялъул улка-ракьалъулги Иерусалималъулги тІолабго халкъ. Жидерго мунагьал рехсон хадуб, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.</verse>
				<verse number="6">РетІунеб ретІелги ЯхІял варанидул квасул букІана, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги.</verse>
				<verse number="7">Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана: — Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.</verse>
				<verse number="8">Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун.</verse>
				<verse number="9">Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца.</verse>
				<verse number="10">ГІиса лъадалъа къватІиве лъугьунаго, бихьана гьеб лахІзаталда, зобалги кІирикьизарун, Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб.</verse>
				<verse number="11">Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: — Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун!</verse>
				<verse number="12">ГьебсагІат гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде ине гьесизавула.</verse>
				<verse number="13">Гьеб авлахъалда кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьениб гьев къосинавизе кІоларищали. Гьенив гІалхул жанаваразда гьоркьовги вукІана ГІиса. Малаикзабиги рукІана гьенир ГІисае хъулухъалъе.</verse>
				<verse number="14">ЯхІя авараг гвандинив тІамун хадув Галилеялде уна ГІиса. Гьес гьениб лъазабула Аллагьасдасан Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="15">Гьес абулеб букІана: — Болжал щвана! Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун буго! Нуж кантІе, Аллагьасде русса! Гьеб Рохалил хабаралде иманги лъе!</verse>
				<verse number="16">Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада рихьана ччугІие гьин рехулел Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.</verse>
				<verse number="17">— Дида цадахъ рилълъа, — ян абуна гьезда ГІисаца. — Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.</verse>
				<verse number="18">Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна.</verse>
				<verse number="19">Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад.</verse>
				<verse number="20">Гьездеги ахІана ГІисаца, жинда цадахъ рилълъаян. Жидерго эмен Зебедайги гьесул хІалтІухъабиги росонир тун, гьев кІиявгоги ана ГІисада цадахъ.</verse>
				<verse number="21">Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="22">ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.</verse>
				<verse number="23">Синагогаялъуве лъугьун вачІана хъубаб женалъ ккурав цо чи. Гьев ахІдезе лъугьана:</verse>
				<verse number="24">— Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун!</verse>
				<verse number="25">Амма ГІисаца жен чІезабуна: — КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа!</verse>
				<verse number="26">Гьев чиясул нусабго лага сородизабуна шайтІаналъ. Цинги гІасияб гьаракьги гьабун, лъутун ана гьеб гьесул чорхолъа.</verse>
				<verse number="27">Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана гІадамал. Гьез цоцазда гьикъулеб букІана: — Гьабго щиб хІикмат? ЦІияб гІелмуцинищ гьаб? Хъубал жундузецин амру гьабизе кІолеб къудрат кинаб, гьесул амруялъе мутІигІлъулел жундулги кинал?</verse>
				<verse number="28">ТІолабго Галилеялда хехго тІибитІун ана ГІисал хІакъалъулъ хабар.</verse>
				<verse number="29">ГьебсагІат синагогаялъуса къватІиве вахъун, цадахъ Якъубги Иоаннги рачун, гьев ана Симонилги Андрейилги бакІалде.</verse>
				<verse number="30">ЦІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. ГьебсагІат ГІисада бицуна гьей унтун йигилан.</verse>
				<verse number="31">АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна.</verse>
				<verse number="32">Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун.</verse>
				<verse number="33">ТІолабго шагьар бакІарун букІана гьеб сордоялъ Симонил кавудахъе.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали.</verse>
				<verse number="35">Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана.</verse>
				<verse number="36">Гьесул лъалкІда хадур рахъарал Симонидаги гьасда цадахъ рукІараздаги ватана ГІиса.</verse>
				<verse number="37">ГІисада гьез абуна киналго мун валагьулел ругилан.</verse>
				<verse number="38">ГІисаца гьезда абуна: — Рилълъа сверухъ ругел росабалъе ва шагьаразде, гьенибги халкъалъе Рохалил хабар бицине ккола дица. Гьелъие гІололъидалха дун гьаниве вачІарав.</verse>
				<verse number="39">ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана.</verse>
				<verse number="40">Барасалъ унтарав цо чи вачІана ГІисахъе ва накабазда чІун гьардезе лъугьана: — Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!</verse>
				<verse number="41">Гьесда гурхІун ГІисаца, гІебеде битІун квер хъвана гьесда. Цинги абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун!</verse>
				<verse number="42">ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи.</verse>
				<verse number="43">[43-44] Нахъе витІулаго, ГІисаца гьесда лъазабуна: — Вореха, дуца лъиданиги бицунге гьаб хІалтІи! Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъаралъухъ къурбанги хъвезабе.</verse>
				<verse number="44"></verse>
				<verse number="45">Амма гьениса нахъе аравго, гьев чи лъугьана ккараб иш киназего гьурщизе. Гьединлъидал ГІисада кІвечІо тІатун шагьаралде вачІине, гІадан-чи гьечІеб бакІалда вахча-хьван чІезе ккана. Амма киса-кисагоги гІемераб халкъ бачІунаан гьесухъе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин.</verse>
				<verse number="2">Гьесухъе бачІараб халкъалъул гІемерлъиялъ нуцІикІалтІацин хутІун букІинчІо гІадамазе чІезе бакІ. Гьезие Рохалил хабар бицунев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="3">Гьебмехалъ ункъояс восун гьениве вачІана палижалъ ккурав цо чи.</verse>
				<verse number="4">КІалтІе ракІарун рукІарал гІадамазул гІемерлъиялъ ГІисада аскІове восизе санагІат ккечІелъул, гьев вугеб рукъалъул тІохги бичун, гьениса гъоркье биччазе ккана унтарав тІад лъураб турут.</verse>
				<verse number="5">Гьел гІадамазул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: — Мунагьаздаса вацІцІалъана, дир вас, мун!</verse>
				<verse number="6">Гьенир гІодор чІун рукІарал цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна:</verse>
				<verse number="7">«Аллагьасде гІасилъунцин гурищ гьав вугев? ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?»</verse>
				<verse number="8">ГІисада гьебсагІат лъана жиндир хІакъалъулъ гьезул гьединал пикраби рукІин. Гьездехун вуссун, ГІисаца абуна: — Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел?</verse>
				<verse number="9">Кинаб бигьаяб: унтарасда «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги «ТІаде вахъун, дурго турутги босун, вилълъанхъейилан» абизейищ?</verse>
				<verse number="10">Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе, — янги абун, ГІиса унтарасдехун вуссана: –</verse>
				<verse number="11">Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго турутги босун, рокъове а!</verse>
				<verse number="12">Ралагьун гІадамалгун гьев чи гьебсагІат тІаде вахъуна, жиндирго турутги босун, къватІиве уна. Киназго хІикмалъун Аллагьасе рецц гьабуна. Гьез абулеб букІана гьадинаб иш киданиги бихьичІилан.</verse>
				<verse number="13">Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат.</verse>
				<verse number="14">Нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьарав Алфейил Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чиясда цевесан унаго, ГІисаца гьесда абула: — Дида цадахъ вилълъа, — ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьевги.</verse>
				<verse number="15">Гьале Левийил бакІалда кваналев вукІана ГІиса. Гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун кваналел рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу. ГІисада цадахъ ругезда гъорлъ гІемер рукІана гьеб тайпаялъул гІадамал.</verse>
				<verse number="16">ГІисада аскІор гІодор чІун кваналел гьел рихьидал, фарисеязул диниял гІалимзабаз гьесул муридазда абулаан: — Магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ квана-гьекъон вукІине бегьилищ гьав?</verse>
				<verse number="17">Гьеб рагІун, ГІисаца гьезда абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин.</verse>
				<verse number="18">ЯхІял муридазги фарисеязги кІал ккураб заман букІана гьеб. АскІоре рачІун гІадамаз ГІисада гьикъана: — ЯхІял муридалги фарисеязулалги кІал ккун ругеб мехалъ, гьал дур муридаз щай кІал кколареб? — абун.</verse>
				<verse number="19">ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ, гьес берталъе ахІарал гьудулзаби квана-гьекъечІого кІал ккундайха рукІинел? БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьез кІал кквезе бегьуларо.</verse>
				<verse number="20">РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьел къояз кквела гьез кІалги.</verse>
				<verse number="21">Лъицаниги баларо басрияб ратІлида цІияб рукъи: цІияб букъулаго басрияб бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила.</verse>
				<verse number="22">Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. Гьелъ рахълъен багьизабула, гьебмехалъ чагъирги рахълъенги хола. ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе.</verse>
				<verse number="23">Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Гьенисан унаго, ролъул тІорал ретІизе лъугьана гьесул муридал.</verse>
				<verse number="24">Гьебмехалъ фарисеяз ГІисада абуна: — Балагье шамат къоялъ гъоз гьабулеб бугеб жо: Мусал къануналъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="25">ГІисаца гьезда абуна: — Унго, киданиги цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги рес къотІун, ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали?</verse>
				<verse number="26">Бищунго кІудияв кашишлъун Абиатар вугеб заманаялда, Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед.</verse>
				<verse number="27">Цинги ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамал шамат къоялъе гІоло гуро рижун ругел, шамат къо гІадамазе гІоло бижун буго.</verse>
				<verse number="28">Гьединлъидалин шамат къоялъулги ихтияр ГІадамил Лъимадухъ бугеб.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Цоги нухалъ синагогаялъуве вачІиндал, ГІисада гьенив ватана цояб квер бакъварав чи.</verse>
				<verse number="2">ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун.</verse>
				<verse number="3">Квер бакъварав чиясда ГІисаца абуна: — ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІа! — ян.</verse>
				<verse number="4">Гьел гІадамаздехун вуссун, ГІисаца гьикъана: — Шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев? Гьел руцІцІун чІана.</verse>
				<verse number="5">Цо ццидалаб берги гьезда речІчІизабун, гьезул ракІазул согІлъиялдаса пашманлъарав ГІисаца дов чиясда абуна: — Квер гІебеде битІе, — ян. Гьесги квер гІебеде битІула, гьебсагІат гьебги сахлъула.</verse>
				<verse number="6">Гьебмехалъ синагогаялъуса къватІире рахъаралго, фарисеялги гьеродилалги данделъула ГІиса киндай тІагІинавилаян тадбиралъе ургъизе.</verse>
				<verse number="7">[7-8] ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев.</verse>
				<verse number="10">ГІемерал унтарал гІадамал сах гьарун рукІана ГІисаца, гьединлъидал черхалда унти-гІузру бугел чагІи гІедегІулел рукІана гьесухъе, гьесда цо квергІаги хъвазе щвелародаян.</verse>
				<verse number="11">ГІиса вихьараб мехалъ, хъубал жундуз ккурал чагІи гьесда цере накабазда чІолаан ва ахІдолаан, мун Аллагьасул Вас кколилан.</verse>
				<verse number="12">Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан.</verse>
				<verse number="13">Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана.</verse>
				<verse number="14">Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги,</verse>
				<verse number="15">гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги.</verse>
				<verse number="16">Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон,</verse>
				<verse number="17">Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар — гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи),</verse>
				<verse number="18">Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ,</verse>
				<verse number="19">хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги.</verse>
				<verse number="20">ГІиса тІадвуссун рокъове щвана. Нахъеги гьенибе бакІарараб халкъалъул гІемерлъиялъ, ГІисаеги гьесул муридазеги санагІалъи ккечІо гІодорчІун чадил мочІу кІалдиб лъезе.</verse>
				<verse number="21">Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине.</verse>
				<verse number="22">Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян.</verse>
				<verse number="23">Гьебмехалъ аскІореги ахІун, ГІисаца гьезда, мисал бачун, бицана: — Кин кІолеб илбисалда жибго бачахъизе?</verse>
				<verse number="24">Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххичІого хутІуларо.</verse>
				<verse number="25">Цо хъизаналда жаниб кьал ккани, гьеб хъизанги биххичІого хутІуларо.</verse>
				<verse number="26">Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьеб къечІого хутІуларо. Гьелъул иш лъугІулагури гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="27">Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе кІоларо, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе.</verse>
				<verse number="28">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІадамазул киналниги мунагьал ва кигІан кІудиял рукІаниги гьесда лъурал бугьтанал тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас.</verse>
				<verse number="29">Амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин киданиги букІине гьечІо. Абадиялъги тІаса ккеларо гьесдаса гьеб мунагь.</verse>
				<verse number="30">(ГІисаца гьедин абуна, гьез абулеб букІиндал гьев жундуз ккун вугилан.)</verse>
				<verse number="31">Цинги ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги. Дора къватІир жалгоги чІун, гьев ахІизе чи витІула гьез.</verse>
				<verse number="32">ГІемерал гІадамал рукІана гьебмехалъ ГІисада аскІор. Гьесда абуна: — Доле дора къватІир духъ ралагьун чІун руго дур эбелги вацалги. Мун цІехон рачІун руго дол.</verse>
				<verse number="33">ГІисаца гьезда абуна: — Эбеллъун щий дие кколей ва вацаллъунги щал кколел?</verse>
				<verse number="34">Цинги жинда сверухъ гІодор чІун ругезухъ берги тІамун, ГІисаца абуна: — Гьале дир эбелги дир вацалги.</verse>
				<verse number="35">Щайгурелъул Аллагьасул амру-нагью тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана.</verse>
				<verse number="2">ГІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца, батІи-батІиял мисалалги рачана.</verse>
				<verse number="3">— ГІенеккея: хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи.</verse>
				<verse number="4">Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел.</verse>
				<verse number="5">Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила.</verse>
				<verse number="6">Амма бакъ тІад речІчІарабго, речІан анила гьел, ва гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила.</verse>
				<verse number="7">Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила, ва гьезда тІад тІорги бечІанила.</verse>
				<verse number="8">Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда — лъабкъого ва цо-цоялда — нусгоги мугь.</verse>
				<verse number="9">Цинги ГІисаца абуна: — ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!</verse>
				<verse number="10">Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан.</verse>
				<verse number="11">ГІисаца абуна: — Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъаби лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе кинабго мисалаздалъун бицуна, —</verse>
				<verse number="12">ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан.</verse>
				<verse number="13">Цинги гьес абуна: — Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел?</verse>
				<verse number="14">Хьон хьалев чи ккола рагІи хьалев чи.</verse>
				<verse number="15">Цо-цо чиясул иш ккола нухде рортарал хьодул мугьазда релълъун. Гьесул гІинда рагІани Аллагьасул рагІи, гьебсагІатго бачІун илбисалъ бикъун уна гьесул рекІелъе ккун букІараб рагІи.</verse>
				<verse number="16">Гьединго цогидал гІадамал релълъуна ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьаздасан бижаралда. РагІини гьездаги рагІула ва гьебсагІат рохун къабулги гьабула.</verse>
				<verse number="17">Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо.</verse>
				<verse number="18">Цогидал релълъуна заз-хъарахъалда гъорлъе рортарал мугьаздасан бижаралда.</verse>
				<verse number="19">РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро.</verse>
				<verse number="20">Амма руго лъикІаб ракьалде рортарал мугьаздасан бижаралда релълъарал гІадамалги. РагІиги гьезда рагІула, къабулги гьабула. ХІалухъенги бижула цоязе лъеберго, цогидазе лъабкъого, цо-цоязе нусго нухалъцин цІикІкІараб.</verse>
				<verse number="21">Цинги ГІисаца гьезда абуна: — СахІида гъоркь яги хьонбакІалда гъоркь лъезейищ чирахъ бакун рокъобе жанибе босулеб? Борхатаб бакІалда гурищ гьеб лъолеб?</verse>
				<verse number="22">Балъгоябщинабги тІатунеб, бахчарабщинабги загьирлъулеб.</verse>
				<verse number="23">ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!</verse>
				<verse number="24">Цоги гьес абуна: — Балагьея, гІинтІаме гьаб дир калимаялъухъ: кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги, ва нужее тІадеги жубазе бугеб.</verse>
				<verse number="25">Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.</verse>
				<verse number="26">Цоги ГІисаца абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъи релълъуна цо гьадинаб ишалда. Масала, пуланав чияс ракьулъе рехула хьодул мугь.</verse>
				<verse number="27">Цинги къаси кьижун, къад вахъун, жиндирго яшавалда вукІуна гьев, ва гьесда лъаларо кин гьеб мугь тІирщулебали, тІаде баккулебали.</verse>
				<verse number="28">Ракьалъ жинцаго тІалаб гьабула мугьалъул: цин гьеб тІаде баккула, хадуб тІор бала, тІоралда мугь цІубала.</verse>
				<verse number="29">Гьале, тІоралда мугь барщарабго, босун нилъгун вачІуна гьев лъилъаризе, хур бакІаризе заман щун бугелъул.</verse>
				<verse number="30">Цоги гьес абуна: — Сунда релълъунеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Яги кинаб мисал бачун гьелъул сипат цебе чІезабилеб?</verse>
				<verse number="31">Масала, гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго ракьалде хьалел киналго хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь.</verse>
				<verse number="32">Амма гьеб мугь ракьулъе ккани, гьелдасан лъугьуна бищунго кІудияб хъарахъ, ва гьелъул чІахІиял гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабицин гьарула.</verse>
				<verse number="33">Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="34">Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна.</verse>
				<verse number="35">Гьебго къоялъ маркІачІул гІужалъ ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколилан.</verse>
				<verse number="36">Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ.</verse>
				<verse number="37">Кутакаб гьури бахъана: речІчІун рачІарал карачалабаз раса лъадал цІолеб букІана.</verse>
				<verse number="38">ГІиса гьебмехалъ, цо къаданибжоги лъун, росол нахъисеб рахъалда кьижун вукІана. АскІоре ун, муридаз ворчІизавуна гьев: — Я, МугІалим! Нилъ гъанкъизехъин рукІиналъул ургъелгойищ дуе гьечІеб? — абун.</verse>
				<verse number="39">ТІаде вахъун гьес гьорода лъазабуна, тІокІаб пугейилан, карачалабазеги: «РуцІцІун чІа!» — ян амру гьабуна. ГьебсагІат гьури къотІана, тІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.</verse>
				<verse number="40">Цинги ГІисаца жиндирго муридазда абуна: — КигІан хІинкъарал чагІи нужго! Кибе араб нужер божи-иман?</verse>
				<verse number="41">Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде.</verse>
				<verse number="2">ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи.</verse>
				<verse number="3">Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи.</verse>
				<verse number="4">Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе.</verse>
				<verse number="5">Къасиги къадги — кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан.</verse>
				<verse number="6">РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана</verse>
				<verse number="7">ва ахІдезе лъугьана: — ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! — ян.</verse>
				<verse number="8">(ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.)</verse>
				<verse number="9">Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: — «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир.</verse>
				<verse number="10">Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан.</verse>
				<verse number="11">Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед.</verse>
				<verse number="12">Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан.</verse>
				<verse number="13">Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед — кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана.</verse>
				<verse number="14">Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире.</verse>
				<verse number="15">ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана.</verse>
				<verse number="16">Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан.</verse>
				<verse number="18">ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан.</verse>
				<verse number="19">Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна: — Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="20">Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана.</verse>
				<verse number="21">Нахъеги росодаги рекІун, ГІиса ралъдал добцояб рагІалде щвараб мехалъ, гІемераб халкъ бакІарана гьесухъе. Гьев вукІана ралъдал рагІалда эхетун.</verse>
				<verse number="22">Гьале, гьениве вачІуна синагогаялъул хІакимзабазул цояв. Яир букІана гьесда цІар. ГІиса вачІун вихьидал, гьев гьасда цеве накабазда чІола,</verse>
				<verse number="23">ва кутакалда гьардезе лъугьуна: — Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей.</verse>
				<verse number="24">ГІиса гьесда цадахъ уна. Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев.</verse>
				<verse number="25">АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай,</verse>
				<verse number="26">жиндир бугебщинаб боцІи-рикъзи тохтирзабазе кьуниги, дагьайги квеш лъугьун гурони, гьезда мадар лъугьинабизе кІвечІей цо пуланай чІужугІаданалъ,</verse>
				<verse number="27">ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала.</verse>
				<verse number="28">ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда.</verse>
				<verse number="29">ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда.</verse>
				<verse number="30">Гьебго заманаялда ГІисадаги лъана цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват жиндир чорхолъа араблъи. — Лъица дир ратІлида квер хъвараб? — абун гьикъана гьес, халкъалдехунги вуссун.</verse>
				<verse number="31">Гьесул муридаз абуна: — Дуда сверухъ гъуркъун бачІунеб бугеб гІалам бихьулагурищ дуда. Гьединги букІаго, жинда хъварав чи щивилан абулеб буго дуца.</verse>
				<verse number="32">ГІисайин абуни, жиндир ратІлида квер лъица хъварабали лъазе, сверухъе валагьахъдилев вукІана.</verse>
				<verse number="33">Жиндиего лъугьараб ишги бичІчІун, хІинкъун сородилаго ячІуна дой чІужугІадан ГІисада аскІое ва, кІалагъоркье гьесда цееги речІчІун, гьелъ бицуна тІолабго хІакъикъат.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьелда абула: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун!</verse>
				<verse number="35">Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса ругьел бачІуна, дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабун щайилан.</verse>
				<verse number="36">Гьел рагІабазул сан гьабичІого, ГІисаца ясалъул инсуда абула: — Мун хІинкъуге, божун вукІа!</verse>
				<verse number="37">Пётрги, Якъубги, Якъубил вац Иоаннги гурони, цогидав чиги цадахъ вачинчІого,</verse>
				<verse number="38">ГІиса щола синагогаялъул хІакимасул бакІалде. Гьенир гьесда ратула ахІи-хІуралда гІодилаго ва магІу гьабулаго рихха-хочун ругел гІадамал.</verse>
				<verse number="39">ГІисаца гьезда абула: — Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер.</verse>
				<verse number="40">Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове.</verse>
				<verse number="41">Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: — ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана — «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!»)</verse>
				<verse number="42">ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал.</verse>
				<verse number="43">ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Гьениса вахъун ГІиса ана живго гІураб шагьаралде. Цадахъ гьесул муридалги рукІана.</verse>
				<verse number="2">Шамат къо тІаде щварабго, ГІисаца байбихьана синагогаялъуб халкъалда Аллагьасул рагІи малъизе. Гьесухъ гІенеккаразул гІемерисел гІажаиблъун хутІун рукІана. Гьез цоцазда абулеб букІана: — КисагІаги гьасие гьаб щвараб? Гьасулъ бугеб гьабго кинаб цІодорлъи-гІакъиллъи? КингІагидай гьасул квердасан гьадинал мугІжизатал лъугьунел?</verse>
				<verse number="3">Марямил вас цІулал устар гурищ гьав? Якъубил, Юсупил, Ягьудал ва Симонил вац гурищ гьав? Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул яцал ругел? Гьедин васвасаца ккун гьесда божичІо гьел.</verse>
				<verse number="4">Гьебмехалъ ГІисаца абуна гьезда: — Къимат-къадру гьечІев авараг вукІунаро; амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго гІагарлъиялъги ва жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро.</verse>
				<verse number="5">Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.)</verse>
				<verse number="6">ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда. Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине.</verse>
				<verse number="7">Хадуб гьес, ахІун анцІила кІиявго чапаргун, кІи-кІиккун гьелги ритІана. Хъубал жундузда тІад ихтиярги кьуна ГІисаца гьезухъе.</verse>
				<verse number="8">ЦохІо гІанса гурони, цадахъ щибниги: я квен-тІех, я таргьа-къвачІа, я рачлихъ бараб чвантиниб лъун гІарац босугеянги лъазабуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="9">Хьитал ретІеян абуна, амма хисизе ретІел цадахъ босугеянги малъана.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца гьезда абуна: — Нуж тІад рещтІарав гьоболги хисуге, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъинегІан.</verse>
				<verse number="11">Ваамма нуж къабулги гьаричІони, ва нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьениса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб.</verse>
				<verse number="12">Гьел чапарзаби ана кантІун Аллагьасде руссаян гІадамазда лъазабизе.</verse>
				<verse number="13">Чанги чиясул чорхолъа жундул рачахъана гьез. Даруяб нах бахун гІемерал унтарал гІадамал сахлъизаруна.</verse>
				<verse number="14">ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги.</verse>
				<verse number="15">Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вугин гьевилан. НекІо заманаялда рукІарал аварагзабиго гІадинав авараг вугин гьевилан абулел чагІиги рукІана.</verse>
				<verse number="16">Амма гьеб рагІидал, Гьеродицани абуна, жинца бетІер къотІизабурав ЯхІя авараг вугин, хваралъуса вахъун вачІун.</verse>
				<verse number="17">Гьеродица жинцаго кьун букІана кквезеги ккун ЯхІя гвандинив тІамейилан буюрухъ. Гьелъие гьадинаб гІиллаги букІана: Гьеродица лъадилъун ячун йикІана жиндирго вац Филиппил чІужу Гьеродиада.</verse>
				<verse number="18">Амма ЯхІяца гьесда абулеб букІана вацасул йикІарай чІужу дуца ячине бегьуларилан.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал гьесда ццин бахъун йигей Гьеродиадае бокьун букІана ЯхІя чІвазе. Амма гьелда гьеб гьабизе кІвечІо.</verse>
				<verse number="20">Щайгурелъул Гьерод ЯхІякьа хІинкъулаан. Гьесда лъалаан ЯхІя вацІцІадав ва мукъадасав чи вукІин. Гьединлъидал цІунун вукІана гьев Гьеродица. КигІанго гьесул рагІабаз рекІел рахІат хвезабулеб букІаниги, Гьеродие бокьулаан ЯхІяхъ гІенеккизе.</verse>
				<verse number="21">Ахирги цо санагІатаб къо тІаде щвана. Живго гьавураб къо кІодо гьабун Гьеродица кІудияб квана-гьекъей гьабуна, кинабго Галилеялъул къо-ас бугел чІухІбиги, бодул церехъабиги, бищунго хІурматиял хІакимзабиги ахІун.</verse>
				<verse number="22">Гьений тІаде ячІун Гьеродиадал яс кьурдана, Гьеродги гьесда аскІор рукІаралги цІакъ рази гьаруна гьелъ. Гьеродица гьей ясалда абуна: — Щиб дуе бокьаниги, гьаре дида, дица дуе кьела гьеб.</verse>
				<verse number="23">Цинги гьев гьелъие гьедана: — Щиб дуца гьараниги, гьеб дуе дир сайигъат буго, хІатта дир ханлъиялъул бащдаб букІа абе гьеб.</verse>
				<verse number="24">Инеги ун, гьелъ жиндирго эбелалда гьикъана щибдай гьарилаян. Эбелалъ малъана ЯхІя аварагасул къотІараб бетІер гьарейилан.</verse>
				<verse number="25">ГьебсагІат, екерун ханасухъеги ун, ясалъ гьесда абуна: — Дие бокьун буго ЯхІя аварагасул бетІер, гъадрида жаниб лъун, гьабсагІат дуца дихъе кьезе.</verse>
				<verse number="26">Хан цІакъ пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабиларилан гьелъие инкар гьабизе бокьичІо.</verse>
				<verse number="27">ГьебсагІат ханас гІащтІичиясе амру гьабуна, ЯхІял къотІараб бетІерги босун вачІайилан.</verse>
				<verse number="28">Вортун ун, гвандинив вугев ЯхІял бетІерги къотІун, гъадриниб гьебги лъун вачІана гІащтІичи. Цинги ясалъухъе кьуна гьес гьеб. Гьелъги босун жиндирго эбелалъухъе кьуна.</verse>
				<verse number="29">Гьеб хабар рагІидал, ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана.</verse>
				<verse number="30">Дол чапарзаби ГІисахъе тІадруссана, ва жидецаго гьабурабщинабги халкъалда малъарабщинабги бицана гьез гьесда.</verse>
				<verse number="31">РачІунелги унелги гІадамазул гІемерлъиялъ кІалдиб квен лъезецин заман букІинчІелъул, ГІисаца гьел чапарзабазда абуна: — Гьанже нилъ гьазда аскІоса цо гІадан-чи гьечІеб гІалахалде рилълъина цодагьалъ хІухьбахъи гьабизе.</verse>
				<verse number="32">Халкъалдаса ратІалъун, росодаги рекІун, цо гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана ГІисаги гьелги.</verse>
				<verse number="33">Амма гІемерисел гІадамазда рихьана гьел унел ва щал ругелали лъана. Гьединлъидал ралъдал рагІалчІван рекерун, киналго шагьараздаса гІадамал ракъдадасан рекерана гьенире, ва, гьаздасаги цере дореги щун ратана.</verse>
				<verse number="34">ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев.</verse>
				<verse number="35">МаркІачІумех щолеб букІиндал, ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: — ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин,</verse>
				<verse number="36">нахъе айилан абе гьал гІадамазда, гьанир сверухъ ругел росабалъ жидеего квание гІамал гьабизе.</verse>
				<verse number="37">ГІисаца гьезда абуна: — Нужеца кваназаре гьел. Гьез абуна: — Гьал гІорцІизаризе чадихъ кІинусго динар кьезейищха ниж инел?</verse>
				<verse number="38">ГІисаца гьезда абуна: — Чан чед нужехъ бугебали хал гьабун рачІа, — ян. Хал гьабун рачІун гьез абуна: — Щуго чедги кІиго ччугІаги буго, — ян.</verse>
				<verse number="39">Гьебмехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна гьел гІадамал гІурччинаб харда тІад, кьера-кьерал гьарун, гІодор чІезареян.</verse>
				<verse number="40">Гьелги нус-нусккун ва кІикъоялда анцІ-анцІккун гІодор чІана.</verse>
				<verse number="41">ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Цинги кІиябго ччугІаги бикьана киназдаго гьоркьоб.</verse>
				<verse number="42">Киналго гІорцІизегІан кванана.</verse>
				<verse number="43">Нахъе хутІараб чадилги ччугІилги кесказул анцІила кІиго гьегь цІезабуна.</verse>
				<verse number="44">Бихьиназулцин кинавниги щуазарго чи вукІана гьенив кваналев.</verse>
				<verse number="45">Цинги ГІисаца жиндирго муридал ритІана, гьеб халкъ жинца нахъе биччалалде, росодеги рахун, ралъдал добцояб рахъалда бугеб Бетсаидаялде цере-цере айилан.</verse>
				<verse number="46">Халкъги нахъе битІун, ГІиса Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде ана.</verse>
				<verse number="47">[47-48] МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ раса ралъдал бакьулъе щун букІана. Цинги ралъдал рагІалда живго цохІо вукІарав ГІисада бихьана бадибехун пулеб кутакаб гьорода данде лъим ххазе ккун, гьезул тату хун букІин. Жеги хъахІлъи рехилалдего ГІиса ралъдал лъеда тІасан вилълъун гьезда аскІове ана. Гьале гьев цоги рахъалдехун унев ватана гьезда хьолбохъан.</verse>
				<verse number="48"></verse>
				<verse number="49">Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, хваразул рухІ бугилан ккун, росода рукІаразул чІахІиял гьаркьал кІанцІана.</verse>
				<verse number="50">Киназдаго вихьулев вукІана гьев, ва киналго хІинкъунги рукІана. ГьебсагІат ГІисаца гьезда абуна: — Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа!</verse>
				<verse number="51">Цинги гьев гьезда аскІове росоде вахана. ГьебсагІат гьуриги къатІана. Дагьалги гІажаиблъун, хІикмалъун хутІун рукІана гьел.</verse>
				<verse number="52">Доб чадил мугІжизатгицин бичІчІун букІинчІелъулин гьезул ракІ бицатго хутІун букІараб.</verse>
				<verse number="53">Ралъдал добаб рахъалде рахун, гьел щвана Геннесареталъул ракьалде ва якорь рехана.</verse>
				<verse number="54">Цинги росодаса рещтІун гьел ракъдаде лъугьана. ГьебсагІат ГІисаги лъан,</verse>
				<verse number="55">гьенир рукІарал гІадамал рахъ-рахъалде рекерун ана, ва гьев вугин рагІараб бакІалде туртида лъун росун рачІана гьез унтарал чагІи.</verse>
				<verse number="56">Гьедин, киве гьев щваниги — шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, — росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Гьале ГІисахъе рачІун, гьенир данделъана фарисеялги Иерусалималдаса цо чанго динияв гІалимчиги.</verse>
				<verse number="2">ГІисал цо-цо муридал «хъубал» квераз, ай квералги чуричІого, кваналел рихьана гьезда. (</verse>
				<verse number="3">Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо.</verse>
				<verse number="4">Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.)</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула: — Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел?</verse>
				<verse number="6">ГІисаца жаваб кьуна: — Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда: «Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса.</verse>
				<verse number="7">ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал».</verse>
				<verse number="8">Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца.</verse>
				<verse number="9">Цоги гьес абуна: — Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее!</verse>
				<verse number="10">Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола».</verse>
				<verse number="11">Амма нужеца малъулеб буго: масала, пуланав чиясул ихтияр бугила инсуда яги эбелалда абизе нужее дидасан кколеб напакъа дица Аллагьасе къурбан, ай назру гьабунилан.</verse>
				<verse number="12">Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго гьев чияс жиндирго инсуеги эбелалъеги кумек гьабичІониги гІолилан.</verse>
				<verse number="13">Гьедин нужеца умумуздасан бачІараб гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. Гьелда релълъаралги гІезегІан жал гьарулел руго нужеца.</verse>
				<verse number="14">Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна: — Дихъ гІенекке нуж киналго:</verse>
				<verse number="15">[15-16] къватІиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, гьев хъублъизавула гьесда жаниса къватІибе бачІаралъ. Гьеб бичІчІа нужеда!</verse>
				<verse number="16"></verse>
				<verse number="17">Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан.</verse>
				<verse number="18">ГІисаца гьезда абуна: — ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги? КъватІиса жанибе аралъ инсан хъублъизавуларевлъи лъаларебищха нужеда?</verse>
				<verse number="19">КІалдисан чорхолъе жанибе араб жо инсанасул рекІелъе гуро унеб, чохьонибе уна, цинги гьенисан къватІибеги уна. (Гьел рагІабаздалъун ГІисаца бичІчІизабуна инсанас кваналебщинаб квен бацІцІадаб, хІалалаб букІин.)</verse>
				<verse number="20">Хадубги гьес абуна: — Амма инсан хъублъизавула гьесда жанисан бачІун къватІибе аралъ.</verse>
				<verse number="21">[21-22] Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги.</verse>
				<verse number="22"></verse>
				<verse number="23">Гьеле гьеб инсанасда жанисан къватІибе бачІунебщинаб квешлъиялъ хъублъизавула гьев.</verse>
				<verse number="24">Гьениса вахъун ГІиса щвана Тир шагьаралъул ракьалде. Пуланав чиясул бакІалда рещтІарав гьесие бокьун букІинчІо жив вачІун вукІин гІадамазда лъазе. Амма вахчун гьев хутІичІо.</verse>
				<verse number="25">[25-26] Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан.</verse>
				<verse number="26"></verse>
				<verse number="27">Гьес гьелда абуна: — Цин лъимал гІорцІизегІан чІа, лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо.</verse>
				<verse number="28">ГІисае жавабалъе гьелъ абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма лъималазухъа рортарал чадил кескал столалда гъоркь регун рукІунел рукъалъул гьабзазеги щолагури.</verse>
				<verse number="29">Цинги ГІисаца гьелда абуна: — Гьеб рагІи дие рекІее гІуна, гьанже дурго рокъое а; дур ясалъул чорхолъа шайтІан нахъе арабин.</verse>
				<verse number="30">Рокъое щведал, гьелда жиндирго яс ятана, шайтІанги чорхолъа ун, парахатго бусада егун.</verse>
				<verse number="31">Тир улкаялдаса вахъун, Сидон шагьарги къотІун, АнцІшагьаралъул ракьалдасан нахъеги Галилеялъул ралъдал рагІалде щвана ГІиса.</verse>
				<verse number="32">Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун.</verse>
				<verse number="33">ДовегІанги вачун, ГІисаца гьев чиясул гІинзунир килщал къазаруна, ту-тузеги ту-тун гьесул мацІалдаги хъвана килищ.</verse>
				<verse number="34">Цинги, зобалазде бералги тІамун, угьун хІухьелги биччан, гьес абуна: — ЭтпатахІ! (Гьелъул буго «Рагье!» абураб магІна.)</verse>
				<verse number="35">ГьебсагІат гъов чиясул гІундул рагьун рачІана, ва мацІалда букІараб гарацІги бичун ун, бацІцІадго кІалъазе лъугьана.</verse>
				<verse number="36">Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар.</verse>
				<verse number="37">Ва дагьабги цІикІкІун гІажаиблъун, хІикмалъун хутІарал гІадамаз цоцазда абулаан: — Сунда квер баниги, кинабго лъикІ лъугьунеб буго гьесухъа. ГІинкъаздаги рагІи рагІизабулеб буго, мацІ лъаларелги кІалъазарулел руго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Гьел къоязда нахъеги цІакъ гІемераб халкъ бакІарана ГІисада аскІобе. Квен-тІехги гьечІого гьел хутІидал, жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна:</verse>
				<verse number="2">— Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ.</verse>
				<verse number="3">КваначІого дица риччани, рокъоре унаго, рухІ дагьлъун ккезе бегьула гьел, цІакъго рикІкІадаса рачІаралги ругелъул гьезда гьоркьор.</verse>
				<verse number="4">Муридаз гьесда абуна: — Гьаниб гІалхуда гьазие гІураб чед лъица балагьилеб, киса бахъилеб? — абун.</verse>
				<verse number="5">Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чед бугилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="6">Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан. Гьеб анкьабго чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Гьезги гьеб халкъалъе бикьана.</verse>
				<verse number="7">Дагьа-макъаб ччугІаги букІана гьезухъ. Додинго тІаде дугІаги гьабун, гьебги кьуна ГІисаца муридазухъе, халкъалъе бикьеян.</verse>
				<verse number="8">ГІорцІизегІан кванана гьел гьенир; нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна.</verse>
				<verse number="9">Гьенир кванарал гІадамазул вукІана ункъазаргогІанасев чи.</verse>
				<verse number="10">Гьелги нахъе ритІун, ГІиса гьебсагІаталъ жиндирго муридалгун цадахъ, росодаги рекІун, Далманутаялъул ракьалде ана.</verse>
				<verse number="11">Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.</verse>
				<verse number="12">Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна: — Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="13">Гьел гІадамалги рукІаралъур тун, ГІиса нахъеги росоде вахана ва ралъдал добцояб рахъалде ана.</verse>
				<verse number="14">Квен цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда; цо гурони чед батичІо гьезухъ.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьезда лъазабуна: — Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж.</verse>
				<verse number="16">Цоцазда гаргадизе лъугьана гьел: — Нилъехъ чед гьечІилан абураб магІна букІине ккола гьелъул.</verse>
				<verse number="17">Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: — Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел?</verse>
				<verse number="18">[18-19] Берал ругониги бихьулареб кин? ГІундул ругониги рагІулареб кин? Нужеца ракІалде щвезабе: дица щуазарго чиясе бек-бекун щуго чед кьун хадуб хутІарал чадил мочІабазул чан гьегь цІураб? АнцІила кІиго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="19"></verse>
				<verse number="20">— Анкьго чед ункъазарго чиясе бикьараб мехалъ, хутІарал мочІабазул чан гьегь цІураб? Анкьго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="21">— Гьанжеги бичІчІичІебищ нужеда? — ян гьикъана ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="22">Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан.</verse>
				<verse number="24">Сверухъ хал-шалги гьабун, гьес абуна: — АскІосан унел гІадамал рихьулел руго дида гъутІби гІадин.</verse>
				<verse number="25">ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, — бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда.</verse>
				<verse number="26">ГІисаца гьев гьенисанго рокъове витІана ва гьадаб росулъан унгеянги лъазабуна.</verse>
				<verse number="27">Гьениса вахъун жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса ана Филиппил Къайсарият шагьаралда гІагарлъухъ ругел росабалъе. Нухда ГІисаца гьезда гьикъана: — Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? — абун.</verse>
				<verse number="28">Гьез жаваб кьуна: — Цояз абулеб буго мун ЯхІя авараг вугилан, цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан. Цогидаз абулеб буго аварагзабаздасан цояв кколилан.</verse>
				<verse number="29">Цинги ГІисаца гьезда гьикъана: — Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? — абун. Пётрица жаваб кьуна: — Мун вуго МасихІ.</verse>
				<verse number="30">Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="31">Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин.</verse>
				<verse number="32">Гьеб кинабго ГІисаца гьезда рагьун бицана. Амма довегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе.</verse>
				<verse number="33">Гьебмехалъ, кьурун вуссун, жиндирго муридазухъ валагьана гьев. Цинги, Пётрги вуцІцІинавун, абуна: — ТІагІа дида аскІоса, Илбис! Аллагьасулаб тун, инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе.</verse>
				<verse number="34">Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: — Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа.</verse>
				<verse number="35">Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.</verse>
				<verse number="36">Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе?</verse>
				<verse number="37">Жиндирго рухІалъухъ хисизе жо щиб бугеб инсанасул?</verse>
				<verse number="38">Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Цоги ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІубараб къуваталда Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІунеб куц бихьичІого, жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.</verse>
				<verse number="2">Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="3">Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе.</verse>
				<verse number="4">Цинги гьезда рихьана Илясги Мусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел.</verse>
				<verse number="5">Гьениб Пётрица ГІисада абуна: — Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.</verse>
				<verse number="6">Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир.</verse>
				<verse number="7">Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!</verse>
				<verse number="8">Цинги гьебсагІат сверухъе ралагьидал, цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда гьенив вихьичІо.</verse>
				<verse number="9">МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан.</verse>
				<verse number="10">Гьениб бихьарабщинаб жиделъго цІунана гьез. Амма «хваралъуса вахъун вачІиналъул» магІна щибдайилан цоцазда цІехолдулел рукІана.</verse>
				<verse number="11">Цинги гьез ГІисада гьикъана: — Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан?</verse>
				<verse number="12">ГІисаца гьезда абуна: — БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан?</verse>
				<verse number="13">Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз.</verse>
				<verse number="14">ГІиса дол жиндирго муридазда аскІове тІадвуссиндал, гІемераб халкъ бакІарун батана гьенибе. Диниял гІалимзабиги ругоан гьасул муридалгун дагІба-рагІиялда.</verse>
				<verse number="15">ГІиса вихьидал, тІолабго халкъ хІикмалъун хутІана, данде рортун гьесие салам кьезе лъугьана.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца жиндирго муридазда гьикъана гьазулгун нужер бугеб дагІба щибилан?</verse>
				<verse number="17">Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна: — Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун.</verse>
				<verse number="18">Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо.</verse>
				<verse number="19">Гьездехун ГІисаца абуна: — ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас.</verse>
				<verse number="20">Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана.</verse>
				<verse number="21">ГІисаца гьесул инсуда гьикъана: — Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб? — ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, — абун жаваб кьуна инсуца.</verse>
				<verse number="22">— Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьесда абуна: — Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин!</verse>
				<verse number="24">ГьебсагІат васасул инсуца ахІана: — Дун божула, кумек гьабе дие — божуларесе!</verse>
				<verse number="25">ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна: — Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян.</verse>
				<verse number="26">Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез.</verse>
				<verse number="27">Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана.</verse>
				<verse number="28">Рокъоре щун, жалго хутІидал, муридаз ГІисада гьикъана: — Нижеда щай кІвечІеб доб хъубаб жен бачахъизе?</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун.</verse>
				<verse number="30">Гьениса рахъун Галилеялъул ракьалдасан унел рукІана гьел. ГІисае бокьун букІинчІо жив вачІунев вукІин лъиданиги лъазе.</verse>
				<verse number="31">Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: — ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина.</verse>
				<verse number="32">Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна, ва гьесда гьеб гьикъизеги хІинкъана.</verse>
				<verse number="33">Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана: — Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? — абун.</verse>
				<verse number="34">Гьел руцІцІун чІана. Щайгурелъул гьел дагІбадулел рукІиндал жидеда гьоркьов бищун кІудиявлъун щивдай кколеван.</verse>
				<verse number="35">ГІиса гІодов чІана, ва жиндаго аскІове анцІила кІиявго муридги ахІун, гьес абуна: — Бищунго кІудиявлъун лъугьине бокьарав чи цогидазда гьоркьов бищунго гьитІинавлъун вукІа ва гьезие хъулухъалъе чІа.</verse>
				<verse number="36">Кодобе босун, ГІисаца цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна ва, гьеб лъимада къвалги бан, абуна:</verse>
				<verse number="37">— Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун къабул гьавурав чияс, цохІо дун гуревги, дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавулев вуго.</verse>
				<verse number="38">Гьебмехалъ Иоанница абуна: — Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.</verse>
				<verse number="39">ГІисаца абуна: — Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе.</verse>
				<verse number="40">Нилъеда дандечІоларев чи ккола нилъер рахъалда вугев чи.</verse>
				<verse number="41">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуж МасихІил муридал рукІинги лъан, дие гІололъун нужее гьекъезе гел цІун лъим кьурав чи кириялдаса махІрумлъиларо.</verse>
				<verse number="42">Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чи ккани, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехиго лъикІаб букІинаан гьесие.</verse>
				<verse number="43">[43-44] Дур квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб квер камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго квергун жужахІалъул свин гьечІеб цІадаве рехизегІан.</verse>
				<verse number="44"></verse>
				<verse number="45">[45-46] Дур бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб бох камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго бохгун жужахІалъуве рехизегІан.</verse>
				<verse number="46"></verse>
				<verse number="47">Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо бергун Аллагьасул ПарччахІлъиялде ин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъуве рехизегІан.</verse>
				<verse number="48">ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб!</verse>
				<verse number="49">Къурбаналъул гьан, тІаде цІам щван, бацІцІад гьабулеб гІадин, щивав чи цІадудалъун вацІцІад гьавизе вуго.</verse>
				<verse number="50">ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин нужеца гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? ЦІам цІуне нужелъго, ва цоцазда гьоркьор ракълида рукІа.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Гьениса вахъун Ягьудиялъул ракьалде щола ГІиса ва Иорданалъул добцояб рахъалда бугеб улкаялде уна. Нахъеги бакІарула гьесда аскІобе гІемераб халкъ. ГІисаца, жиндирго гІадаталда рекъон, гьенибги гьабуна гІадамазе вагІза-насихІат.</verse>
				<verse number="2">ГІисал хІалбихьизе рачІун, фарисеяз гьесда гьикъана: — Динияб къануналъ изну кьолебищ росас чІужу йиччан тезе? — абун.</verse>
				<verse number="3">Мусал къануналда кин бугебилан гьикъана гьезие жавабалъе ГІисаца.</verse>
				<verse number="4">Гьез абуна: — Мусаца изну кьун буго, «цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе бегьулилан».</verse>
				<verse number="5">ГІисаца гьезда абуна: — Мусаца нужее гьеб Къанун хъвана нужер чанкІкІи сабаблъун.</verse>
				<verse number="6">Дуниял бижараб мехалдасаго Аллагьас рижана бихьинчиги чІужугІаданги.</verse>
				<verse number="7">[7-8] «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">ХІасил, Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="10">Цинги рокъобги гьикъана муридаз гьелъулго хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="11">ГІисаца гьезие жаваб гьабуна: — ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи, жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна.</verse>
				<verse number="12">Росасдаса ятІалъун цогидасе арай гІаданги зиначІужу ккола.</verse>
				<verse number="13">Жидерго лъимал рукІана гІадамаз ГІисахъе рачун рачІунел, гьезда цо квер хъвайилан гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо.</verse>
				<verse number="14">Гьеб бихьидал, ГІисал ццин бахъана. Гьес абуна: — Лъимал дихъе рачІине риччай, гьезие квекІен гьабуге нужеца. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб!</verse>
				<verse number="15">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца гьел лъимал каранде къана, тІад кверал рахъун, гьезда баркат лъегиян дугІа гьабуна.</verse>
				<verse number="17">ГІиса гьениса унаго, цо чи вачІана векерун ва, гьесда цеве накабаздаги чІун, гьикъана: — Я лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="18">ГІисаца гьесда абуна: — Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони!</verse>
				<verse number="19">Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «даран-базаралъулъ хІилла-рекІкІ гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе».</verse>
				<verse number="20">Дов чияс ГІисае жаваб гьабуна: — Я МугІалим! ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял.</verse>
				<verse number="21">Гьев чи рекІее гІедал, гьесухъги валагьун, ГІисаца абуна: — Цо жо буго дуе камун: инеги ун, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.</verse>
				<verse number="22">ГІисал рагІабаз ракІ лъукъарав гьев чи къваридго нахъе ана. Щайгурелъул гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи.</verse>
				<verse number="23">Гьебмехалъ сверухъ ругел гІадамазухъги валагьун, ГІисаца жиндирго муридазда абуна: — Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе захІмалъулеб куц!</verse>
				<verse number="24">Гьелъ муридал хІикмалъизаруна. ГІисаца нахъеги гьезда абуна: — Ле дир лъимал! Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъизе бугеб куцха!</verse>
				<verse number="25">РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина, Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.</verse>
				<verse number="26">ЦІакъго хІикмалъун хутІарал гьез цоцазда абулеб букІана: — Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?</verse>
				<verse number="27">Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — ГІадамазда гьеб кІолареб, амма Аллагьасда кІолебха! Аллагьасда хІалкІолареб жо щибниги гьечІелъул!</verse>
				<verse number="28">Гьебмехалъ Пётрица гьесда абуна: — Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана...</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дие гІоло ва Рохалил хабаралъе гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, чІужу-лъималги, хур-ахги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо,</verse>
				<verse number="30">гьелъухъ хІатта гьанже дуниялалъул рокъоб гІазаб-гІакъубаялдаго цадахъ, — гьелдаса нусцІулго цІикІкІун мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-агьлуги, хур-ахги щвечІого, ва доба ахираталъул рокъоб абадияб гІумруги насиблъичІого.</verse>
				<verse number="31">Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела.</verse>
				<verse number="32">Иерусалималдехун ралагьун унел рукІана гьел. ГІиса цеве-цеве вукІана. Гьесда хадур рачІунаго, гьесул муридал рахІат хун рукІана. Гьесда хадуб бачІунеб халкъги хІинкъун букІана. АнцІила кІиявго чапарги аскІове ахІун, нахъеги байбихьана гьес жиндиего ккезе бугелъул хІакъалъулъ бицине:</verse>
				<verse number="33">— Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер кьезе вуго чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове ва гьезги гьев чІвазе къотІила. Цинги гьев кьела цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове.</verse>
				<verse number="34">Гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, цІалаца вухила, цинги чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина гьев.</verse>
				<verse number="35">Гьебмехалъ гьесда аскІове вачІуна Зебедайил кІиявго вас — Якъубги Иоаннги. Гьез абула: — Я МугІалим! Нижее бокьун буго нижеца гьарараб жо дуца тІубазе.</verse>
				<verse number="36">ГІисаца гьикъана: — Дица щиб гьабизе нужее бокьун бугеб?</verse>
				<verse number="37">Гьез абуна: — Къудраталъул тахиде мун вахараб мехалъ, цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, дуда аскІор гІодор чІезаре ниж.</verse>
				<verse number="38">ГІисаца гьезда абуна: — Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе, дица бахине бугеб гІорги бахине?</verse>
				<verse number="39">КІвелилан жаваб кьуна гьез. ГІисаца абуна: — Дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе ккезе буго нужеца, дица бахине бугеб гІорги бахине ккезе буго.</verse>
				<verse number="40">Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, БетІергьанасул хІукмуялда бараб буго.</verse>
				<verse number="41">Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго муридасул ццин бахъана Якъубидаги Иоаннидаги.</verse>
				<verse number="42">АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабийилан рикІкІунел гІадамаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабазги гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи.</verse>
				<verse number="43">Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе.</verse>
				<verse number="44">Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги киназего лагълъун вукІа абе.</verse>
				<verse number="45">Щайгурелъул ГІадамил Лъимерги лъицаниги жиндие хъулухъ гьабизе вачІун гьечІо. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.</verse>
				<verse number="46">Гьале гьел Иерихоналде щола. Цинги, жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса гьениса къватІиве вахъунеб мехалъ, гІемераб халкъ букІана гьесда хадуб бачІунеб. Гьенив нухлул ракьанда кІусун ватана Бартимай (Тимайил вас) абулев цо бецав гьардухъан.</verse>
				<verse number="47">Назареталдаса ГІиса жинда цевесан унев вукІинги лъан, ахІдезе лъугьана гьев: — Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида!</verse>
				<verse number="48">ВуцІцІун чІайилан абуна гьесда гІадамаз. Амма гьев дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: — Я, Давудил вас! ГурхІа мун дида!</verse>
				<verse number="49">Гьенивги лъалхъун, ГІисаца абуна гьев чи жинда аскІове вачейилан. ГІадамаз Бартимайида абуна: — Гьа, ракІ гІодобе биччай гьанже! Вилълъа, мун жиндихъе вачеян абулеб бугин дос.</verse>
				<verse number="50">ТІад букІараб гІабаги гІодобе рехун, гьев кІанцІун тІаде вахъана ва ГІисада аскІове вачІана.</verse>
				<verse number="51">ГІисаца гьесда гьикъана: — Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? Бецас жаваб гьабуна: — Я, Раббуни! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго.</verse>
				<verse number="52">ГІисаца гьесда абуна: — А гьанже. Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. ГьебсагІат беразда канлъиги бихьун, ГІисада хадув къокъана гьев чи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун,</verse>
				<verse number="2">ГІисаца гьезда абуна: — Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа.</verse>
				<verse number="3">Нужеца гьабулеб щибилан гьикъулев чи ккани, гьесда абе нижер ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин гьеб; кватІичІого нахъе биччазе бугиланги абе.</verse>
				<verse number="4">[4-5] Гьел ана. Гьениб гьезда батана къотІноб цо чиясул кавуялда бухьараб кІудияб кІерт. Рухьадаса гьеб бичулел рукІаго, гьенир рахъун чІун рукІарал гІадамаз гьикъана: — Нужеца гьабулеб щиб? Щай нужеца гьеб кІерт рухьадаса бичулеб?</verse>
				<verse number="5"></verse>
				<verse number="6">ГІисаца малъухъе кьуна муридаз гьезие жаваб. Цинги доз гьалги риччан тана.</verse>
				<verse number="7">КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана гьез жидерго партал, ва ГІисаги гьелда тІад рекІана.</verse>
				<verse number="8">ГІемерисез, тІаса бахъун ретІел букІана нухда тІибитІулеб. Цогидаз абуни, магъилъ ругел гъутІбуздаса къотІун, гІурччинал гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел.</verse>
				<verse number="9">Гьесда цере-цере унезги хадур рачІунезги турки ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанасул къудраталдалъун витІун вачІунев вугесда баркат лъеги!</verse>
				<verse number="10">ТІаде гІунтІулеб бугеб нилъер эмен Давудил ПарччахІлъиялда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="11">Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана.</verse>
				<verse number="12">Нахъисеб къоялъ радакьго вахъун Бетаниялдаса вачІунаго, ГІиса вакъана.</verse>
				<verse number="13">РикІкІадасанго гьесда бихьана тІад тІамах бараб цо инжиралъул гъветІ. ГъотІода пихъ гьечІодайилан аскІове индал, тІамах гурони, цониги инжир батичІо: инжир барщизе заман щун букІинчІо жеги.</verse>
				<verse number="14">Цинги ГІисаца гъотІода абуна: — Дуда тІад бижун пихъ тІокІаб лъицаниги киданиги квине хъван батугеги. Гьеб рагІана гьесул муридаздаги.</verse>
				<verse number="15">Гьале Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьенир даран-базаралда рукІарал гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса; гІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна.</verse>
				<verse number="16">Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъусан гІадамаз къайи баччизеги гьукъана гьес.</verse>
				<verse number="17">Цинги ГІисаца, гьезие малъа-хъвай гьабун, абуна: — ТІехьалда хъван гьечІищ: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго киналго халкъазул как-диналъул рукъ», — абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго.</verse>
				<verse number="18">ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал.</verse>
				<verse number="19">Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги.</verse>
				<verse number="20">Нахъисеб къоялъ радал тІадруссун рачІунаго балагьидал, доб инжиралъул гъветІ кьолболъанго бакъван бугоан.</verse>
				<verse number="21">ГІисаца абун рукІарал рагІабиги ракІалде щун, Пётрица гьесда абуна: — Я МугІалим! Балагье, сон нагІана кьураб инжиралъул гъветІ бакъван бугеб куц.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасде божи-иман цІуне нужеца.</verse>
				<verse number="23">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: рекІелъе щаклъиги ккезе биччачІого, жинца абухъе лъугьине букІиналдаги божун, пуланав чияс гьаб мегІералда абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер гьесие мутІигІлъизе буго.</verse>
				<verse number="24">Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб!</verse>
				<verse number="25">[25-26] Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса.</verse>
				<verse number="26"></verse>
				<verse number="27">Нахъеги Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъов жанив тирулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби, чІухІби-хІакимзаби.</verse>
				<verse number="28">Гьез ГІисада гьикъана: — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун.</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьеб ихтияр кьурабали.</verse>
				<verse number="30">Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб.</verse>
				<verse number="31">Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.</verse>
				<verse number="32">ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал.</verse>
				<verse number="33">Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Мисал бачун, гьезие гьадинаб хабар бицине байбихьана ГІисаца: — Цо чияс, цІолбол ахги гьабун, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев къватІиве ун вуго.</verse>
				<verse number="2">ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа босизе.</verse>
				<verse number="3">Доз кквезеги ккун гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго.</verse>
				<verse number="4">Гьанже ахил бетІергьанас цоги рагьтІател витІун вуго. Гьесулги бетІер лъукъун буго, инжит-хІакъир гьавун вуго.</verse>
				<verse number="5">Нахъеги витІун вуго цоги батІияв. Гьевги доз чІван рехун вуго. ГІемерал цогидалги ритІун руго. Гьелги доз цоял рухун, цогидал чІван руго.</verse>
				<verse number="6">Цинги гьесул хутІун вуго гьениве витІизе цохІо чи — гьесие вокьулев вас. Ахирги гьев витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан абун.</verse>
				<verse number="7">Амма ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, — ирсги нилъеего хутІила».</verse>
				<verse number="8">Кквезеги ккун, чІвала гьез гьев, гьесул жаназаги ахикьа къватІибе рехула.</verse>
				<verse number="9">Гьанже щиб гьабилеб дов ахил бетІергьанас? ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе ижараялъе кьела.</verse>
				<verse number="10">Унго нужеца киданиги ТІехьалда цІалунгойищ букІинчІеб гьадинаб калима: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго.</verse>
				<verse number="11">Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»</verse>
				<verse number="12">Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел.</verse>
				<verse number="13">Цинги гьез цо-цо фарисеялги гьеродилалги ритІула ГІисахъе, гьесул кІал таризабизе кІоларищали бихьизе.</verse>
				<verse number="14">РачІун гьез ГІисада абула: — Я МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Бице нижеда: къануналда рекъон, бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ? Гьа, кьелебищ гьеб нижеца яги кьеларебищ?</verse>
				<verse number="15">Гьезул хІилла-рекІкІги бичІчІун, ГІисаца абуна: — Щай нужеца дир хІалал рихьулел? Бихье, цо динар босе гьанибе дихъе.</verse>
				<verse number="16">Гьез гьеб босун бачІуна. Гьебмехалъ ГІисаца гьикъула: — Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="17">— Къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда. Гьесул жавабалъ хІикмалъизаруна гьел.</verse>
				<verse number="18">Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна:</verse>
				<verse number="19">— Я МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: «Цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине».</verse>
				<verse number="20">Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимерги нахъе хутІичІого, хун вуго кІудияв вац.</verse>
				<verse number="21">Цинги гьей ячун йиго хадусев вацас, амма лъимер лъугьиналдего, гьевги хун вуго. Гьебго жо лъугьун буго лъабабилев вацасулги.</verse>
				<verse number="22">Гьедин анкьавго вацас ячун йиго гьей, ва цонигиясе лъимерги лъугьун гьечІо. Ахиралда жийгоги хун йиго.</verse>
				<verse number="23">ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей?</verse>
				<verse number="24">Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, яги Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъцин гурищ нуж къосинарун ругел?</verse>
				<verse number="25">Къиямасеб къоялъ тІаде рахъаразда гьоркьор я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги.</verse>
				<verse number="26">Хварал тІаде рахъине рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Муса аварагасул хІакъалъулъ бицараб тІехьалда? ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъарахъалда аскІоб Аллагьас гьесда абурабила: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь».</verse>
				<verse number="27">Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. Кутакалда къосун руго нуж!</verse>
				<verse number="28">Гьезул бахІсалъухъ гІенеккун вукІарав ва ГІисаца кьураб камилаб жаваб рагІарав цо динияв гІалимчияс, аскІове вачІун, гьесда гьикъана: — Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? — абун.</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — Бищунго аслияблъун ккола гьадинаб: «ГІенекке, Исраилил уммат! Нилъер БетІергьан Аллагь цохІо вугев БетІергьан вуго!</verse>
				<verse number="30">Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун».</verse>
				<verse number="31">КІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». Гьеб кІиялдасаго тІадегІанаб амру гьечІо.</verse>
				<verse number="32">Динияв гІалимчияс абуна: — ЛъикІ буго, МугІалим! ХІакъаб рагІи абуна дуца, Аллагь цо вугилан ва Аллагь тун батІияв цоги бетІергьанги гьечІилан.</verse>
				<verse number="33">Жиндир тІолабго ракІалдалъун, тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, тІолабго къуват-жаналдалъун Аллагь вокьулев вугони ва жинда аскІов вугевги вокьулев вугони, инсанасе гьеб цІикІкІине буго гьесул киналго батІи-батІиял къурбаназдаса.</verse>
				<verse number="34">Гьесул гІакъилаб калам рагІараб мехалъ, ГІисаца гьесда абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъиялдаса мун рикІкІад гьечІевин. Гьелдаса хадуб тІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе.</verse>
				<verse number="35">Хадубги Мукъадасаб Рокъоб вагІза гьабулаго, ГІисаца абуна: — Диниял гІалимзабаз щай абулеб МасихІ Давудил вас вугилан.</verse>
				<verse number="36">Илагьияб РухІалъ малъун Давудица жинцаго гурищ абулеб бугеб: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“».</verse>
				<verse number="37">Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев? ГІемераб халкъ букІана ГІисал гьединал вагІзабазухъ гъира-цІаялда гІенеккун.</verse>
				<verse number="38">ГІисаца гІадамазда малъулаан: — Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе,</verse>
				<verse number="39">синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе.</verse>
				<verse number="40">Рос хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзиги кванала гьез, рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан, гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.</verse>
				<verse number="41">Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалда дандвитІун гІодовги чІун, ГІиса валагьун вукІана гьенибе гІарац рехулел гІадамазухъ. Чанги бечедал гІадамаз гІемераб гІарац рехулеб бугоан гьенибе.</verse>
				<verse number="42">ЯчІун цо мискинай къоролалъ рехана бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац.</verse>
				<verse number="43">Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьанибе садакъаде гІарац рехаразул бицани, гьадай мискинай къоролалъ бищунго цІикІкІунин кьураб.</verse>
				<verse number="44">Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьиндал, гьесул цо муридас гьесда абуна: — Я МугІалим! Гьал къадазулъ лъурал ганчІазул чІахІалъи, гьаб минаялъул кІодолъи!</verse>
				<verse number="2">Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: — Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.</verse>
				<verse number="3">Мукъадасаб Рукъалда дандбитІухъе, Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, Пётрицаги, Якъубицаги, Иоанницаги, Андрейицаги гьарана:</verse>
				<verse number="4">— Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва гьеб лъугьинехъин букІиналъе кинаб гІаламат загьирлъизе бугебалиги бице нижеда.</verse>
				<verse number="5">Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана: — Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж!</verse>
				<verse number="6">Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан абун вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго.</verse>
				<verse number="7">Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІани, гьелдаса нуж хІинкъуге. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро.</verse>
				<verse number="8">Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракь багъарила, ракъи баккила. Гьеб ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи.</verse>
				<verse number="9">Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="10">Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина.</verse>
				<verse number="11">Судалда цере чІезе нуж рачараб мехалъ, щибдай бицинаян цебеккунго ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе рещтІараб жо абун биччай. Щайгурелъул нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе рещтІараб Илагьияб РухІин кІалъазе бугеб.</verse>
				<verse number="12">Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго. Жидерго эбел-инсуда данде рахъун, лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе.</verse>
				<verse number="13">Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.</verse>
				<verse number="14">БукІинего бегьулареб бакІалда чІунтелалъул къабихІлъи бихьила нужеда, — цІалулесда лъалин гьелъул магІна, — гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал.</verse>
				<verse number="15">Гьеб къоялъ тІохда вугев гъоркье рещтІунгеян абе, къваригІараб-тараб босизе рокъове жаниве лъугьунгеян абе.</verse>
				<verse number="16">Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе.</verse>
				<verse number="17">Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб!</verse>
				<verse number="18">Хасало лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж.</verse>
				<verse number="19">Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго Аллагьас дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб гІадинаб балагь.</verse>
				<verse number="20">Гьел къоял къокълъизаризе БетІергьанасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго гьесул.</verse>
				<verse number="21">Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, — воре, нуж гьелда божуге.</verse>
				<verse number="22">Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез.</verse>
				<verse number="23">Воре, нуж цІодорго чІа; гьале дица цебеккунго лъазабун толеб буго нужеда!</verse>
				<verse number="24">Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина.</verse>
				<verse number="25">ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила.</verse>
				<verse number="26">Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев.</verse>
				<verse number="27">Зоб-ракьалъул цо рагІалдаса цоги рагІалде щвезегІан ункъабго рахъалдаса жинцаго тІаса бищараб агьлу данде бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес.</verse>
				<verse number="28">Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи.</verse>
				<verse number="29">Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи.</verse>
				<verse number="30">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="31">Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.</verse>
				<verse number="32">Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала цохІо Инсуда.</verse>
				<verse number="33">Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман.</verse>
				<verse number="34">Масала, пуланав чи сапаралъ унев вугони, гьес щивасе хІалтІи бикьун рукъалъул иш рагьтІателазда тІадкъан тола ва кавудул кІалтІа вугев хъаравуласдаги абун тола ворчІуда чІайилан.</verse>
				<verse number="35">Гьедин нужги рорчІуда чІа! Нужеда лъаларелъул рукъалъул бетІергьан кида тІадвуссун вачІиневали: маркІачІумехалъищ, яги сордо бащалъараб мехалъищ, яги радакье хІелеко бахъараб мехалъищ, яги рогьа-роцІараб мехалъищали.</verse>
				<verse number="36">Гурони, тохлъукье тІаде рехун гьев вачІараб мехалъ, кьижун ратила гьесда нуж!</verse>
				<verse number="37">Нужеда гуребги, цогидаздаги абулеб буго дица: воре, нуж рорчІуда чІа!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">КІиго къо хутІун букІана Пасхаялъул ва РеччичІел Панкъазул Байрамалъул анкь тІаде щвезе. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун ГІиса чІвазавизе рес кколарищали.</verse>
				<verse number="2">Амма абулеб букІана байрамалъул къоялъ лъикІ гурилан, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан.</verse>
				<verse number="3">Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетания росулъ кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, тІаде ячІуна махІ гьуинаб цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун, цо пуланай чІужугІадан. СурахІиги бекун, гьелъ гьеб нах ГІисал ботІроде чІехьола.</verse>
				<verse number="4">Гьенир рукІарал цо-цо гІадамал ццин бахъун лъугьуна. Гьез цоцазда абулеб букІана: — Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб?</verse>
				<verse number="5">Бичун букІарабани, лъабнусго динаралдаса цІикІкІараб гІарац щвелаан гьелъухъ, цинги мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб. Гьедин гьей чІужугІаданалдаса рази гьечІого гаргадилел рукІана гІадамал.</verse>
				<verse number="6">ГІисаца гьезда абуна: — Те гьей жийго! Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей.</verse>
				<verse number="7">Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор, бокьанщинахъе нужеца садакъа кьезе. Дунин абуни кидаго гуро нужгун вукІунев.</verse>
				<verse number="8">Гьелъ гьабуна жиндихъа бажарулеб иш; цебеккунго дир черхалда тІаде махІ гьуинаб нахги тІун, хабалъейин гьелъ дун къачІалев вугев.</verse>
				<verse number="9">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІолабго дуниялалда Рохалил хабар лъазабунщинаб бакІалда бицен букІине буго гьай гІаданги ва гьалъ дие гьабураб лъикІлъиги ракІалде щвезабун.</verse>
				<verse number="10">АнцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот ана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазухъе, ГІиса гьезда кодове кьезе разилъун.</verse>
				<verse number="11">Гьеб хабаралдаса дол цІакъ рохана, ва Ягьудае гІарац кьезе къотІиги гьабуна гьез. Цинги Ягьудаца балагьулеб букІана ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб бакІги заманги.</verse>
				<verse number="12">РеччичІел Панкъазул Байрамалъул тІоцебесеб къоялъ, Пасхаялъул къурбаналъе кьегІер хъолеб къоялъ, муридаз ГІисада абуна: — Пасхаялъул квен киб кваназе дуе бокьилеб? Инеги ун, нижеца хІадур гьабила гьеб.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ ГІисаца жиндирго кІиго муридасда тІадкъала: — Нуж а гьанже шагьаралде. Лъел гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Нуж гьесда хадур а.</verse>
				<verse number="14">Цинги гьев жаниве лъугьараб рукъалъул бетІергьанасда нужеца абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ Пасхаялъул квание рукъ киб бугебали».</verse>
				<verse number="15">Гьес нужеда бихьизабила чІухІизабун къачІараб гІатІидаб тІасарукъ. Гьеле гьениб гьабе нужеца нилъеего Пасхаялъул квен.</verse>
				<verse number="16">КІиявго мурид шагьаралде ана ва гьенире щведал, ГІисаца абухъе, ишги тІубана. Цинги Пасхаялъул квенги хІадур гьабуна.</verse>
				<verse number="17">Дуниял рукІкІараб мехалъ анцІила кІиявго чапаргун цадахъ ГІиса гьенив парахалъула.</verse>
				<verse number="18">ГІодор чІун кваналел рукІаго, ГІисаца абула: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида цадахъ гьанир кваналел ругел нужер цояв дие хилиплъила.</verse>
				<verse number="19">ЦІакъ пашманлъун лъугьуна гьел. Цин-циял рахъун цІехола: — Дун гуро гурищ? — абун.</verse>
				<verse number="20">ГІисаца гьезда абула: — Дида цадахъ гьаб гъадриниб чед ччулев вугев анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вуго гьев.</verse>
				<verse number="21">ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие.</verse>
				<verse number="22">Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун гьезухъе кьуна: — Босе, кванай. Гьаб буго дир черх!</verse>
				<verse number="23">Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьуна ГІисаца. Кинацаго иргадал гьекъана гьеб щурумалъуса.</verse>
				<verse number="24">Гьес абуна: — Гьаб буго гІемерав чиясе гІоло тІолеб дир би — ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би.</verse>
				<verse number="25">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялда цІияб чагъир гьекъолеб къо тІаде гІунтІизегІан дица гьаб цІолбол цІцІураб жа тІокІаб гьекъезе гьечІо.</verse>
				<verse number="26">Цинги гьез туркаби ахІана, гьениса рахъун ун, Зайтуналъул магІарде рахана.</verse>
				<verse number="27">ГІисаца гьезда абула: — ЯхІ рехизе буго нужеца кинацаго, ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиги рахъ-рахъалде тІурун ина».</verse>
				<verse number="28">Хун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде.</verse>
				<verse number="29">Пётрица гьесда абуна: — Киназго яхІ реханиги, дица яхІ рехиларо.</verse>
				<verse number="30">ГІисаца гьесда абула: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гьанже радакье хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабизе буго дуца дидаса.</verse>
				<verse number="31">Амма Пётрица цІакъ ракІчІезабун абулеб букІана ГІисада: — Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, — ян. Гьединго абулеб букІана киналго цогидазги.</verse>
				<verse number="32">Гьале гьел щвана Гетсемания абулеб бакІалде. ГІисаца жиндирго муридазда абуна: — Нуж гьанир гІодор чІун рукІа, дун Аллагьасе гьари-дугІа гьабун вачІинегІан.</verse>
				<verse number="33">Пётрги, Якъубги, Иоаннги рачана ГІисаца жиндаго цадахъ. РакІ хІинкъараб ва къваридаб ургъалилъе ккана гьев.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьезда абуна: — Хвалил гІазаб буго дир рекІее. Нуж гьанир рукІа! РорчІуда чІа!</verse>
				<verse number="35">Цинги, дагьав довегІанги ун, кІалагъоркьеги речІчІун, Аллагьасда гьардезе лъугьана, бегьулеб батани гьеб хвалил сагІат рикІкІад гьабейилан.</verse>
				<verse number="36">Гьес абулеб букІана: — Абба! Я дир Эмен! Мун сундуего хІалкІолев вугелъул, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте!</verse>
				<verse number="37">ТІадвуссун вачІиндал, ГІисада гьел кьижун ратана. Гьес Пётрида абуна: — Симон! Кьижунищ мун вугев? Цо сагІаталъ кьижичІого яхІ гьабизе кІвечІеб къагІидаха дуда?</verse>
				<verse number="38">Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ — лебалаб, черх — загІипаб.</verse>
				<verse number="39">Нахъеги довегІанги ун, додинго Аллагьасда гьардезе лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="40">Гьанжеги тІадвуссун щведал, ГІисада гьел ратула, беразул тІелхал бакІлъун, кьижун ккун. Щиб жаваб кьелебали лъаларого хутІана гьел.</verse>
				<verse number="41">Лъабабизеги додинго тІадвуссун щведал, ГІисаца гьезда абула: — Нуж жеги рахІаталда кьижунищ ругел? Гьале, тІубанагури кинабго! ТІаде гІунтІана доб ГІадамил Лъимер мунапикъзабазул кверде кьолеб сагІат.</verse>
				<verse number="42">Гьа, рахъа! Доле хиянатчи тІаде щолев вугин!</verse>
				<verse number="43">ГІисаца гьедин абулаго, тІаде щвана Ягьуда, дол анцІила кІигояздасан цояв. Гьесда цадахъ хвалчабигун ва тІилалгун тІаде бачІунеб букІана чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги, чІухІби-хІакимзабазги битІараб гІемераб халкъ.</verse>
				<verse number="44">Хиянатчияс гьезда лъазабун букІана: «Дица убач гьабурав чи ГІиса вукІина. Цинги ккве нужеца гьев. Вореха, хъаравуллъи кутакаб чІезабе!»</verse>
				<verse number="45">Ягьуда битІун ГІисада аскІове уна, «Рабби!» — янги абун, гьесда убач гьабула.</verse>
				<verse number="46">ГьебсагІат тІад речІчІун гІадамаз ГІиса къан ккола.</verse>
				<verse number="47">Гьебмехалъ ГІисал цо муридас бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула.</verse>
				<verse number="48">Гьездехун вуссун ГІисаца абула: — Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе.</verse>
				<verse number="49">Щибаб къоялъ нужее вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов вукІунаангури дун. Гьениб нужеца диде квер борхичІо. Амма ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе биччанте!</verse>
				<verse number="50">Гьебмехалъ ГІисал киналго муридал, вукІаралъув гьевги тун, лъутун уна.</verse>
				<verse number="51">ГІицІаб черхалда тІад шаршавги жемун, цо гІолохъанчи вукІана гьесда хадув вачІунев. Амма рагъухъабаз гьев къан ккуна.</verse>
				<verse number="52">Шаршавги гъоркьго тун, толохІочго лъутун ворчІана гьев.</verse>
				<verse number="53">ГІиса вачана бищунго кІудияв кашишасухъе. Гьенир данделъун рукІана чІахІиял кашишзаби, чІухІби-хІакимзаби ва диниял гІалимзаби.</verse>
				<verse number="54">Пётрги вукІана нахъа-нахъа чІун вачІунев. Бищунго кІудияв кашишасул азбаралъувеги лъугьана гьездаго хадув цун. Цинги рагъухъабазда аскІов кІусун, цІадухъ хинлъулев вукІана.</verse>
				<verse number="55">Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги тІолабго тІадегІанаб судалъги балагьулеб букІана ГІиса чІвазе къотІиялъе гІураб гІайиб гьесде гІунтІизабизе цогІаги нугІлъи. Амма гьеб гьезухъе щолеб букІинчІо.</verse>
				<verse number="56">ГІемер рукІана гьересинугІлъи гьабулел чагІи, амма гьез бицараб жо данде кколеб букІинчІо.</verse>
				<verse number="57">Цере рахъун цо-цо гьересинугІзаз гьадин абулеб букІана:</verse>
				<verse number="58">— Нижеда рагІана гьес абулеб гьаб инсанасул квераз гьабураб Мукъадасаб Рукъ щущазабила дица ва лъабго къоялде, лъицаниги квер хъвачІого, цІидасан банги кьелаян.</verse>
				<verse number="59">Амма гьелъие нугІлъи гьабулел гІадамаз бицунебгицин данде кколеб букІинчІо.</verse>
				<verse number="60">Гьебмехалъ тІаде вахъун бакьулъ эхетун бищунго кІудияв кашишас ГІисада гьикъана: — Дуда данде нугІлъи гьабун гьаз бицунеб бугеб жоялъе жаваб кьезе рагІигойищ дур гьечІеб?</verse>
				<verse number="61">ГІиса, микъан кІалъачІого, вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас цоги суал кьуна гьесие: — Бице, мунищ кколев РахІманасул Вас МасихІ?</verse>
				<verse number="62">— У, — ян абуна ГІисаца. — Нужеда вихьила ГІадамил Лъимер, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІунги ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІуневги.</verse>
				<verse number="63">Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишас, жиндаго тІад букІараб ретІелги тІу-тІун балаго, абуна: — ТІокІалги сундуе нилъее нугІзал къваригІарал?</verse>
				<verse number="64">Нужеда рагІанагури гьасул гІасиял-пасикъал рагІаби. Щиб пикру нужер бугеб? Киназго абуна гьев чІвазе къотІизе кколилан.</verse>
				<verse number="65">Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда: — Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! — янги абулаго. Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе.</verse>
				<verse number="66">Азбаралъув гъоркьа вукІарав Пётрида аскІое ячІана бищунго кІудияв кашишасул цо гъараваш.</verse>
				<verse number="67">ЦІадухъ гІодов чІарав гьесухъги ялагьун, гьелъ абуна: — Мунги вукІанагури Назареталдаса ГІисада цадахъ.</verse>
				<verse number="68">НагІадала ккун инкар гьабуна Пётрица. Дуца бицунеб жо щибилан, гьеб жинда бичІчІуларилан чІана гьев. Цинги Пётрица къватІибехун нух босана. Гьебмехалъ бахъана хІелеко гІегІедулеб гьаракь.</verse>
				<verse number="69">Нахъеги гьев вихьун, гъаравашалъ гьенир рукІаразда бицана гьавги дозул чи вугилан.</verse>
				<verse number="70">Гьанжеги нагІадала ккуна Пётрица. Цо заманаялдасан нахъеги тІаделъана гьесде дол гІадамал хІакъикъаталдаги мун дозул чи вугин, мунги Галилеялдаса вукІине кколин.</verse>
				<verse number="71">Амма Пётр Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев нужеца бицунев чи жинда лъаларилан.</verse>
				<verse number="72">Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна.</verse>
				<verse number="2">Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.</verse>
				<verse number="3">ЧІахІиял кашишзабаз гьениб гІемер батІи-батІияб гІайиб гІунтІизабуна ГІисаде.</verse>
				<verse number="4">Пилатицайин абуни нахъеги гьикъана ГІисада: — Дуца жавабго кьолареб кинаб? Дуде гьаз гІунтІизабулеб бугебщинаб гІайиб бихьуларищ?</verse>
				<verse number="5">Гьел суалазеги ГІисаца щибго жаваб кьечІелъул, Пилат гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.</verse>
				<verse number="6">ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб.</verse>
				<verse number="7">Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи.</verse>
				<verse number="8">Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго.</verse>
				<verse number="9">Пилатица гьезда абуна: — ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани?</verse>
				<verse number="10">(Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.)</verse>
				<verse number="11">Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе.</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: — ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб?</verse>
				<verse number="13">— Хъанчида вазе витІе! — ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал.</verse>
				<verse number="14">— Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? — абун гьикъана Пилатица гьезда. Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе! — ян.</verse>
				<verse number="15">Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.</verse>
				<verse number="16">Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе.</verse>
				<verse number="17">БецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода.</verse>
				<verse number="18">Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин: — ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! — ян ахІдезе лъугьуна гьел.</verse>
				<verse number="19">Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула.</verse>
				<verse number="20">Инжит-хІакъир гьавун хадуб, доб багІараб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.</verse>
				<verse number="21">Хуриса вуссун вачІунев данде ккана Киренеялдаса Симон абулев цо чи — Александрилги Руфилги эмен. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч.</verse>
				<verse number="22">Цинги ГІиса вачана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ».</verse>
				<verse number="23">Мехтизе гьарулеб гьекъолеб жоялъул цІун щурун кьуна гьесухъе. Амма ГІисаца гьеб гьекъечІо.</verse>
				<verse number="24">ГІиса хъанчида вана, ва лъица щиб босилебали можоро тІамун, ГІисал ретІел жидедаго гьоркьоб бикьизе лъугьана рагъухъаби.</verse>
				<verse number="25">Радал сагІат ичІго тІубан букІана ГІиса хъанчида вараб мехалъ.</verse>
				<verse number="26">Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун.</verse>
				<verse number="27">КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.</verse>
				<verse number="28">[28-29] Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго: — Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур!</verse>
				<verse number="29"></verse>
				<verse number="30">Мунго хвасар гьаве! Хъанчидаса гІодове рещтІа!</verse>
				<verse number="31">Гьебго къагІидаялда гьев хІакъир гьавун, цоцазда гаргадулел рукІана чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги: — Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи!</verse>
				<verse number="32">Исраилил умматалъул парччахІ — МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел.</verse>
				<verse number="33">Къалъул гІужалда сверухъе тІолабго дуниял бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан.</verse>
				<verse number="34">СагІат лъабго тІубараб мехалъ, цо гучаб гьаракьги гьабун, ГІисаца ахІана: — Элои, Элои! Лема шевактани! — абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)</verse>
				<verse number="35">Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ, абулеб букІана: «ГІенекке, Иляс аварагасде ахІи балеб буго!» — ян.</verse>
				<verse number="36">Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана, гІорол тІогьибги бухьун, гьесухъе бегьана. Гьев чияс абулеб букІана: — ЧІа, гьанже бихьилин хъанчидаса гьев вахъизе Иляс авараг вачІунищали.</verse>
				<verse number="37">Цоги гучаб гьаракь гьабуна ГІисаца. Ва гьесул рухІ босун ана.</verse>
				<verse number="38">Мукъадасаб Рукъалъул хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="39">Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна: — ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.</verse>
				<verse number="40">Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги.</verse>
				<verse number="41">Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир.</verse>
				<verse number="42">[42-43] Гьеб букІана рузман къо. Шаматалда цебесеб къо букІиндал, бакъ щинкІилалдего вачІун тІаде щвана тІадегІанаб судалда гьоркьов гІахьаллъулев ва халкъалда жаниб жиндир къадру-къимат бугев Ариматеялдаса Юсуп абулев чи. (Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав чи вукІана гьев.) Гьев хІинкъичІого Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе.</verse>
				<verse number="43"></verse>
				<verse number="44">ГІиса хванилан рагІидал, гІажаиблъун хутІана Пилат. Дол рагъухъабазул нусилбетІерги ахІун, гьесда гьикъана цевегойищ хваравилан.</verse>
				<verse number="45">Гьев нусилбетІерасдасан ГІисал хвалил хІакъикъат лъарабго, Пилатица изну кьуна гьесул жаназа нахъе босизе.</verse>
				<verse number="46">Бичун босун бацІцІадаб хІебетгун, Юсупица ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана ва, хІебтил мусруги бан, гьеб букъана кьурулъ бикІун къачІан букІараб нохъодул хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тана.</verse>
				<verse number="47">Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах.</verse>
				<verse number="2">Цинги анкьил тІоцебесеб къоялъ цудунго рахъун ун, гьел ГІисал хабаде щолеб мех букІана гьанжего-гьанже бакъ баккулеб гІуж.</verse>
				<verse number="3">Нохъодул кІалтІаса гамачІ лъицадай нахъе гиризабилаян ургъел бикьулел рукІана гьел.</verse>
				<verse number="4">Амма гамачІ нахъе гиризабун батана. (ЦІакъ кІудияб гамачІни букІана гьеб.)</verse>
				<verse number="5">Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="6">— ХІикмалъуге нуж, — ан абуна гьес руччабазда. — Хъанчида ван хвезавурав Назареталдаса ГІисайин нужеца валагьулев вугев. Гьев хваралъуса вахъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьале гьесул жаназа лъун букІараб бакІ.</verse>
				<verse number="7">Нужеца, инеги ун, гьесул муридаздаги Пётридаги абе Галилеялде ГІиса нужедаса цеве щвезе вугилан. ГІисаца цебеккунго лъазабун букІараб куцалда, дова вихьилин жидеда гьев.</verse>
				<verse number="8">Кутакалда хІинкъарал ва хІикмалъарал гьел руччаби, сородилаго гьеб нохъодаса къватІире кІанцІун, рекерун нахъе ана, гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицинеги кІвечІо гьезда.</verse>
				<verse number="9">[8] Анкьил тІоцебесеб къоялъ бакъ баккилелдего хваралъуса вахъарав ГІиса гьебго къоялъ тІоцеве вихьана анкьго шайтІан гьес жиндир чорхолъа бачахъун букІарай Магдалаялдаса Марямида.</verse>
				<verse number="10">Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда — гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда.</verse>
				<verse number="11">Амма гьел божичІо ГІиса чІаго вугин ва гьев жинда вихьанин абураб Марямил рагІиялда.</verse>
				<verse number="12">Гьелдаса хадуб цоги батІияб сипаталда ГІиса вихьана шагьаралдаса росулъе унев вукІарав кІиго муридасдаги.</verse>
				<verse number="13">ТІад руссун рачІун цогидаздаги бицана гьез жидедаги ГІиса вихьанилан, амма цогидал муридал гьездаги божичІо.</verse>
				<verse number="14">Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб дуниялалда киса-кирего щун, тІолабго Аллагьас бижанщиналда лъазабе нужеца гьаб Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="16">Диде иман лъурав ва лъадалъ ччун вахъун жиндир мунагьал чурарав чи хвасарлъизе вуго. Амма иман лъечІезе тамихІ букІина.</verse>
				<verse number="17">Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе.</verse>
				<verse number="18">Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила.</verse>
				<verse number="19">Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана.</verse>
				<verse number="20">Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="42">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">[1-2] Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана.</verse>
				<verse number="2"></verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал, бетІерчІахъаяв Теофил, дидаги лъикІ бихьана, авалалдасанго цІех-рех гьабун, тартибалда кинабго дуе хъвазе.</verse>
				<verse number="4">Гьаб цІалараб мехалъ дур ракІчІела дуда малъанщинаб жо хІакъаб букІиналда.</verse>
				<verse number="5">Гьерод Ягьудиялъул ханлъун вугеб заманаялда вукІана Абиял тухумалъул чилъун кколев Закария абулев цо кашиш. Гьесул чІужуги йикІана Гьарун аварагасул наслуялъул гІадан. Гьелда цІарги букІана Элисабет.</verse>
				<verse number="6">Гьел кІиялгоги рукІана Аллагьасул вализаби. БетІергьанасул тІолабго амру-нагью ракІбацІцІадго тІубазабулаан гьез.</verse>
				<verse number="7">Амма гьезул лъимал рукІинчІо. Элисабет йикІана лъимер гьабуларей гІадан. Гьел рукІана гІолохъанлъиялдаса арал гІадамал.</verse>
				<verse number="8">Гьале гьанжеги гьезул тухумалде ирга щола Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе.</verse>
				<verse number="9">Кашишзабазул гІадаталда рекъон, можоро тІамидал, Закарияде тІаде ккола, Аллагьасул Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, махІгьуинаб нахул кьеккен гьабизе.</verse>
				<verse number="10">Нахуда цІа бакулев гьев вугеб мехалъ, киналго хутІарал гІадамал рукІана къватІирехун чІун какал ралел.</verse>
				<verse number="11">Кьеккеналъул кІкІуй тІад беролеб хирияб бакІалъул кваранаб рахъалде Бичасул малаик рещтІана гьебмехалъ Закарияхъе.</verse>
				<verse number="12">Малаик вихьараб мехалъ, Закария вихха-хочун лъугьана ва кутакалда хІинкъана.</verse>
				<verse number="13">Малаикас гьесда абуна: — Мун хІинкъуге, Закария, Аллагьас къабул гьабуна дур гьари-дугІа. Дур лъади Элисабетица дуе вас гьавизе вуго. ЯхІя лъе дуца васасда цІарги.</verse>
				<verse number="14">Дуе талихІги рохелги босун бачІина гьес, цогидал гІемерал гІадамалги рохила гьев гьавиялдаса.</verse>
				<verse number="15">Аллагьасда цебе кІодолъи щвела гьесие, чагъирги цогидаб жаги гьекъеларо гьес, эбелалъул ургьив вугеб мехалъго Илагьияб РухІги лъугьина гьесулъе.</verse>
				<verse number="16">Исраилил лъималазул гІемерисел жидерго БетІергьан Аллагьасде руссинарила гьес.</verse>
				<verse number="17">Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ.</verse>
				<verse number="18">Гьебмехалъ Закарияца малаикасда гьикъана: — Сундалъунха дида гьеб лъалеб? Дунги ригь арав чи вуго, дир чІужуги гІолохъанго гьечІо.</verse>
				<verse number="19">Малаикас гьесие жаваб кьуна: — Дун вуго Аллагьасда цеве вугев ЖабрагІил малаик. Гьес дун витІана дуда кІалъазе ва дуда рохел бицине.</verse>
				<verse number="20">Жиндир болжалалда тІубазе бугеб дица бицараб рагІиялда мун божичІелъул, гьале дур кІал-мацІ кквела ва гьеб иш тІубазегІан кІалъазе кІвеларо дуда.</verse>
				<verse number="21">Закария къватІиве вачІиналъухъ балагьун чІун букІана халкъ гьебмехалъ. Щайдай гьев Мукъадасаб Рокъов жанив кватІаравилан хІикмалъун рукІана гІадамал.</verse>
				<verse number="22">КъватІиве вачІараб мехалъ, Закарияда кІвечІо гьезда кІалъазе. Гьезда бичІчІана Мукъадасаб Рокъоб жаниб гьесие Аллагьасул илгьам лъугьараблъи. Гьелдаса хадуб, килщаз ишанал гьарун гурони, кІал бичІун тІокІаб рагІи абичІо Закарияца.</verse>
				<verse number="23">Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе тІадаб заман лъугІидал, Закария жиндирго рокъове тІадвуссана.</verse>
				<verse number="24">Цинги Элисабетил ургьибе лъимер ккана, ва щуго моцІалъ, къватІи-рокъое яхъинчІого, яхчун чІана. Гьелъ абулаан:</verse>
				<verse number="25">— Гьале, Аллагь гурхІараб мехалъ, дие гьес гьабураб лъикІлъи, лъимер гьечІолъиялъул бугьтан гІадамазда цебесан дида тІаса ине.</verse>
				<verse number="26">[26-27] Анлъабилеб моцІалъ Аллагьас ЖабрагІил малаик витІана Галилея улкаялъул Назарет шагьаралде Давудил наслуялъул Юсупилан цІар бугев чиясе абурай цо ясгІаданалъухъе. Гьелда цІар букІана Марям.</verse>
				<verse number="27"></verse>
				<verse number="28">Гьелъухъе вачІун ЖабрагІил малаикас абуна: — ЙорчІами, Аллагьасул баркат рещтІарай яс! БетІергьан вуго дуда аскІов.</verse>
				<verse number="29">Малаикас гьедин абидал, йихха-хочун лъугьана гьей, ва гьел рагІабазул магІна щибдайилан йикІана.</verse>
				<verse number="30">— ХІинкъуге, Марям! — ан абуна гьелда малаикас. — Бичасул рахІмат насиблъана дуе.</verse>
				<verse number="31">ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги.</verse>
				<verse number="32">ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе.</verse>
				<verse number="33">Абадиялъего вукІина гьев Якъуб аварагасул халкъалъул ПарччахІлъун, ва гьесул ПарччахІлъиялъе ахирго букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="34">— Росасецин инчІей дие гьеб кин лъугьунеб? — ан гьикъана гьесда Марямица.</verse>
				<verse number="35">Малаикас абуна: — Илагьияб РухІ рещтІина духъе. БетІергьанасул хІалкІолъиялъул накІкІул парчаялъ яхчила мун. Гьединлъидал Аллагьасул Васлъун рикІкІина гьеб Илагьияб Лъимер.</verse>
				<verse number="36">Лъимер-бетІер лъугьунарей гІадамилан рикІкІуней йикІарай дур гІагарай чІужу Элисабетги, гьанже гІолохъанго гьечІониги, лъимаде йиго. Анлъабилеб моцІ буго гьеб ккаралдаса.</verse>
				<verse number="37">Аллагьасда хІалкІолареб жо щибго букІунарелъулха!</verse>
				<verse number="38">Гьебмехалъ Марямица абуна: — Гьале, дун БетІергьанасул лагъ! Дуца абухъе ккезе биччанте дие! Цинги малаик Марямида аскІоса нахъе ана.</verse>
				<verse number="39">Гьел къоязда Марям гІедегІун ана Ягьудиялъул мугІрузда бугеб шагьаралде.</verse>
				<verse number="40">Закариял бакІалде щведал, гьелъ Элисабетие салам кьуна.</verse>
				<verse number="41">Марямил салам рагІарабго, гьебсагІат Элисабетил ургьиб лъимер кІанцІезе лъугьана. Илагьияб РухІалъул цІуна гьей.</verse>
				<verse number="42">— Руччабазулъ бищунго баркат кІудияйлъун лъугьана мун, — ан ахІун гьаракь гьабуна Элисабетица. — Баркат кІудияблъун лъугьана дур ургьиб хулараб лъимерги.</verse>
				<verse number="43">Дир ТІадегІанасул эбел къавулъе ячІинегІанасеб даражаялъул гІаданищха дун!</verse>
				<verse number="44">Гьале дур салам рагІарабго, бохун кІанцІезе лъугьана дир ургьиб лъимер.</verse>
				<verse number="45">БетІергьанасдасан дуде бачІараб ругьел тІубазе бугелъул, гьелда божарай мун гьардарай гурищ.</verse>
				<verse number="46">Марямица ахІана: — Аллагь кІодо гьавизе лъугьун буго гьинал ракІ.</verse>
				<verse number="47">Гьес дун хвасар гьаюлин бохун буго дир рухІги.</verse>
				<verse number="48">Дун пакъирай лагъалда Бичасул бер речІчІидал, Баркат бугей гІаданлъун гІаламалъ рикІкІина дун.</verse>
				<verse number="49">Жиндир цІар мукъадасав къудратав БетІергьанас КІудаб даражаялде яхине гьаюна дун.</verse>
				<verse number="50">ГІибадат гьабуразул наслабазда гурхІана.</verse>
				<verse number="51">Гучаб гьесул къуваталъ чІухІарал къезарула, Гьезул квешал къасдалги къинарула киналго.</verse>
				<verse number="52">БетІергьанас пахруял тахидаса рехула, Пакъирал, кІодо гьарун, тІадегІанлъизарула.</verse>
				<verse number="53">Ракъаразе Аллагьас къваригІанщинаб кьола, Бечедал рачахъула, щибго жоги кьечІого.</verse>
				<verse number="54">[54-55] Дол нилъер умумузда абун букІараб куцалъ, Ибрагьимил лъугьарал киналго наслабазда Абадул абадиялъ гурхІилин кьураб рагІи РакІалде щун, Аллагьас жиндирго лагълъун кколеб Исраилил халкъалъе кумек гьабуна гьанже.</verse>
				<verse number="55"></verse>
				<verse number="56">Гьениб лъабго моцІги бан, Марям тІадюссун жиндирго рокъое ана.</verse>
				<verse number="57">Къо тІаде щвараб мехалъ, Элисабетие вас гьавуна.</verse>
				<verse number="58">Аллагь гурхІун гьелъие лъимер гьабун бугин рагІараб мехалъ, гьелда рахьи базе рачІунел рукІана Элисабетил мадугьалзабиги гІагарал чагІиги.</verse>
				<verse number="59">Микьабилеб къоялъ васасе сунат гьабизе рачІарал чагІазе бокьана, инсудаго гІадин, васасда цІарги Закария лъезе.</verse>
				<verse number="60">Гурин, васасда цІар ЯхІя лъезе кколилан абуна Элисабетица.</verse>
				<verse number="61">Гьез гьелда абуна: — Нужер гІагарал чагІазда гьоркьов гьединаб цІар бугев чи гьечІо гури, — ян.</verse>
				<verse number="62">Цинги, квераз ишан гьабун, Закарияда бичІчІизабуна васасда щиб цІар лъезе дуе бокьун бугебилан.</verse>
				<verse number="63">Цо хъарщиги бачІинабун, Закарияца гьелда тІад хъвана: «Васасда цІар ЯхІя лъезе ккола», — ян. Киналго гІажаиблъана гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="64">Гьеб лахІзаталда Закариял кІал ричІун бачІана, мацІалдаса гарацІ бичун ана ва Аллагьасе рецц гьабун кІалъазе лъугьана.</verse>
				<verse number="65">Мадугьалзабазул рекІелъеги кутакаб хІинкъи лъугьана гьебмехалъ, Ягьудиялъул киналго мугІрузда тІибитІана гьелъул хІакъалъулъ хабар.</verse>
				<verse number="66">Гьеб рагІанщинас, гьелъул пикру гьабулаго, абулеб букІана: — Щив чидай вахъина гьадав васасул? ХІакъикъаталдаги Бичасул хІалкІолъи букІана гьесулъ.</verse>
				<verse number="67">ЯхІял эмен Закария Илагьияб РухІалъул цІуна, Аллагьасдасан рачІарал гьадинал рагІаби абуна гьес:</verse>
				<verse number="68">— Исраилил халкъалъул БетІергьан Аллагьасе рецц гьабилин, Нилъехъе вачІун гьес нилъ тархъан гьаридал.</verse>
				<verse number="69">Гьес жиндирго лагъ Давудил кьолбодасан нилъее кьела Нилъ хвасар гьаризе къудрат бугев чи.</verse>
				<verse number="70">НекІо заманаялда жиндирго аварагзаби ритІун, Гьес нилъее рагІи кьун букІана:</verse>
				<verse number="71">Нилъер тушбабаздаса ва нилъ рихаразул квердаса Жинца хвасар гьарилилан,</verse>
				<verse number="72">Нилъер умумузда гурхІилилан Ва мукъадасаб къотІи тІубазабилилан.</verse>
				<verse number="73">Нилъер умматалъул эмен Ибрагьимие гьес гьа гьедун букІана, Тушбабазул квердаса хвасарлъун,</verse>
				<verse number="74">ХІинкъичІого тІубараб гІумруялъ</verse>
				<verse number="75">РитІухъго ва бацІцІадго Жиндие тІагІат гьабизе изнуги ресги букІинабилин.</verse>
				<verse number="76">Мунги, дир лъимер, рикІкІина Къудратав Аллагьасул авараглъун, ТІадегІанав МасихІидаса цеве вахъина мун, Гьесие нух къачІазе</verse>
				<verse number="77">Ва, мунагьал чурун, нуж хвасарлъилилан Халкъалда лъазабизеги.</verse>
				<verse number="78">[78-79] Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила, Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине, Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда.</verse>
				<verse number="79"></verse>
				<verse number="80">ЯхІя кІудияв гІолев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Исраилил халкъалда цеве вахъинегІан гьес гІумру гьабуна гІицІаб авлахъалда.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Гьеб букІана кинабго халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабейилан Август къайсарил амру бачІараб заман.</verse>
				<verse number="2">Сириялда сардарлъун Квириний таралдаса хадуб халкъалъул тІоцебесеб хъвай-хъвагІай букІана гьеб.</verse>
				<verse number="3">Жиде-жидер шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе унел рукІана гІадамал.</verse>
				<verse number="4">Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи.</verse>
				<verse number="5">Цадахъ ячун йикІана гьесие магьари лъурай, лъимер гьабизе мех щварай Марямги.</verse>
				<verse number="6">Гьале гьадаб шагьаралде щвараб мехалъ, лъимер гьабизе хІара чІвана гьелда.</verse>
				<verse number="7">Марямица гьавуна жиндирго тІоцевесев вас. Петералда гьезие рещтІине бакІ щун букІинчІелъул, кьуща-рущан цо руссниб лъуна гьелъ лъимер.</verse>
				<verse number="8">Сардилъ жидерго рехъен цІунун рорчІуда чІарал гІухьби рукІана гьенир цо гІалахалда.</verse>
				<verse number="9">Гьезухъе рещтІана Бичасул малаик. БетІергьанасдасан бачІараб гвангъараб нуралъ къалъ-къалъизаруна гьел гІухьби, гІасияб хІинкъиялъ къахІан ккуна гьел.</verse>
				<verse number="10">— ХІинкъуге, — ян абуна гьезда малаикас. — ТІолабго гІаламалъего гІахьалаб кІудияб рохел бицине вачІун вуго дун нужехъе.</verse>
				<verse number="11">Давудил шагьаралда жакъа гьавуна жинца нуж хвасар гьаризе вугев ТІадегІанав МасихІ.</verse>
				<verse number="12">Гьелъие гІаламатги буго нужее: руссниб лъун батила нужеда кьущараб лъимер.</verse>
				<verse number="13">Цойидасанго зобалаздасан малаикзабазул бо рещтІана гьев малаикасда аскІоб. Аллагьасе рецц гьабулаго гьез ахІулеб букІана:</verse>
				<verse number="14">— ТІадегІанал зобалазда — Аллагьасе рецц! ГІодоб ракьалда — разилъаразе рекъел!</verse>
				<verse number="15">Малаикзаби зодире тІадруссун роржун индал, гьал гІухьбуз цоцазда абуна: — БетІергьанасдасан нилъехъе бачІараб гьаб хабаралъул хІакъикъат лъазе, Бетлегьемалде рилълъине рачІа, — ян.</verse>
				<verse number="16">ГІедегІун доре щведал, гьазда Марямги ятана, Юсупги ватана, руссниб лъун Лъимерги батана.</verse>
				<verse number="17">Лъимер бихьарабго, гІухьбуз бицана малаикасдасан гьеб Лъимадул хІакъалъулъ жидеда рагІарабщинаб.</verse>
				<verse number="18">Гьеб рагІанщинав чи хІикмалъизавуна гІухьбузул хабаралъ.</verse>
				<verse number="19">Марямицани гьел киналго рагІаби хазина гІадин рекІелъ цІунана, ва гьелъул пикрабазда йикІунаан гьей.</verse>
				<verse number="20">Малаикас жидеда бицухъе иш ккун батидал, бихьаралъухъги рагІаралъухъги Аллагьасе тасбихІги реццги гьабулаго нахъруссун ана гІухьби.</verse>
				<verse number="21">Микьго къо байдал, Васасе сунат гьабураб мехалъ, гьесие кьуна эбелалъул ургьив гьев хулилалдего малаикас абун букІараб ГІиса абураб цІар.</verse>
				<verse number="22">Мусал къануналда рекъон, лъимер гьабун хадуб гьел рацІцІад гьаризе кколел къоял тІаде щведал, гьез Вас Иерусалималде вачана БетІергьанасе назру гьавун кьезе.</verse>
				<verse number="23">(БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон тІоцебе гьабураб бихьинаб рижи БетІергьанасул назрулъун рикІкІунаан.)</verse>
				<verse number="24">Гьебго къануналда рекъон, къурбаналъе хъвезе кколаан кІиго рохьил микки яги кІиго миккидул тІинчІ.</verse>
				<verse number="25">Доб заманаялда Иерусалималда вукІана Симеон абурав цо чи. Гьев вукІана жиндилъ иманги варагІги бугев, Исраилил халкъ хвасарлъиялъухъ урхъарав чи. Илагьияб РухІ жинде гІагарлъарав чиги вукІана Симеон.</verse>
				<verse number="26">Илагьияб РухІалъ гьесие илгьам гьабун букІана Бичасул МасихІ вихьичІого гьев хвезе гьечІилан.</verse>
				<verse number="27">Илагьияб РухІалъин гьев доб къоялъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вачІарав. Эбелалъги инсуцаги гьитІинав вас ГІисаги вачун вачІана гьениве, къануналъул гІадат тІубазабизе.</verse>
				<verse number="28">Симеоница, гьевги кодове вачун, Аллагьасе реццги гьабун, гьадин абуна:</verse>
				<verse number="29">[29-32] — Я, дир БетІергьан, дун дур лагъ, дур къотІи тІубан, гьанже парахатго къадаралде щолев вуго, дирго беразда бихьидал дуца хІадурун букІараб хвасарлъи. Гьаб буго киналго халкъал кантІизарилеб Нур ва дурго Исраилил халкъалъул къадру-рецц!</verse>
				<verse number="30"></verse>
				<verse number="31"></verse>
				<verse number="32"></verse>
				<verse number="33">Симеоница васасул хІакъалъулъ абурал гьел рагІабаз гІажаиблъизаруна Юсупги Марямги.</verse>
				<verse number="34">Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: — Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина.</verse>
				<verse number="35">Дурги рекІелъ ханжар къазе буго. Гьаб Лъимер лъугьина Аллагьасул гІаламатлъун, амма гІемерисез гьелда дагІба базе буго, гьелдалъун гІемерисезул рекІелъ ругел къасдал загьирлъила.</verse>
				<verse number="36">Гьений йикІана Ашерил наслуялъул Пенуэлил яс ХІаннат, жиндилъ кашпу-карамалъи бугей, цІакъго херай гІадан. Анкьго соналъ гурони росасда цадахъ гІумру тІамичІо гьелъ.</verse>
				<verse number="37">Гьелдаса хадуб ункъоялда ункъо сон къороллъуда арай гьей, къасиги къадги кІал ккун, какал ран, кидаго Мукъадасаб Рокъоса къватІие яхъинчІого, БетІергьанасе тІагІат-гІибадаталда чІун йикІана.</verse>
				<verse number="38">Гьебмехалъ, аскІоеги ячІун, Аллагьасе реццги гьабун, гьеб Лъимадул хІакъалъулъ бицана гьелъ Иерусалим хвасарлъиялъухъ урхъун рукІаралщиназда.</verse>
				<verse number="39">БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон кинабго ишги тІубазабун, гьел Галилеялде, жидерго Назарет шагьаралде, тІадруссана.</verse>
				<verse number="40">Вас кІудияв гІолев вукІана, гІолохъанлъиялде вахунев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Аллагьасул баркат бессун букІана гьесулъ.</verse>
				<verse number="41">Щибаб соналъ гьесул эбелги эменги унаан Иерусалималде Пасхаялъул байрамалде.</verse>
				<verse number="42">АнцІила кІиго соналде ГІиса вахиндалги, гІадаталда рекъон, Иерусалималде байрамалде ана гьал, гьевги вачун.</verse>
				<verse number="43">Байрамалъул къоял индал, ал тІадруссана, гьитІинав ГІиса Иерусалималдаго чІана. Юсупидаги васасул эбелалдаги лъачІо гьев гьенив чІаравлъи.</verse>
				<verse number="44">Цогидазда цадахъ ун ватилин гьевилан тана гьаз. Цо къойил нух тедал, гІага-божаразда гьоркьов гьев валагьизе лъугьана гьал.</verse>
				<verse number="45">Гьевги ватичІого, тІадруссун гьев валагьизе Иерусалималде ине ккана.</verse>
				<verse number="46">Гьале лъабабилеб къоялъ гьазда гьев Мукъадасаб Рокъов ватана мугІалимзабазда гьоркьов, гьезухъ гІенеккун ва гьезда цІехолдулев.</verse>
				<verse number="47">ГІенеккаралщинал хІикмалъизарун рукІана гьесул гІакъиллъиялъ ва жавабазул камиллъиялъ.</verse>
				<verse number="48">Гьев вихьидал, гІажаиблъун хутІана Юсупги Марямги. Эбелалъ гьесда абуна: — Я, дир лъимер, дуца нижее гьабураб щиб? Гьав дур эменги дунги чІезе къадар тІагІун рукІана мун валагьулел.</verse>
				<verse number="49">Гьес гьазда абуна: — Дун валагьиго щай нужее букІараб? Нужеда лъачІебищ дун дирго Инсул рокъов вукІине кколевлъи?</verse>
				<verse number="50">Амма гьазда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна.</verse>
				<verse number="51">Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби.</verse>
				<verse number="52">Сонал анагІан, ГІисал черх цІубалеб букІана, гІакълу камиллъулеб букІана, Аллагьасулги гІадамазулги рокьи цІикІкІунеб букІана гьесдехун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялда сардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун;</verse>
				<verse number="2">бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана.</verse>
				<verse number="3">Иордан гІоралда сверухъ ругел бакІазде щун, нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес.</verse>
				<verse number="4">Гьелдалъун ритІухълъана Ишая аварагасул ТІехьалда ругел гьадинал рагІаби: «Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: — БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!</verse>
				<verse number="5">Щибаб кІкІал-хъитІ бацизабе, щибаб гохІ-щоб тІуцлъизабе, свераби лъугІизаре, эхедераялги лабаллъабиги гьечІеб, цІвакараб нух букІа абе,</verse>
				<verse number="6">щибаб рижиялда бихьа абе Аллагьасдасан хвасарлъи!»</verse>
				<verse number="7">Гьале лъадалъ ччун рахъизе рачІунел рукІана халкъалъул руккелал. Гьезда ЯхІяца абулаан: — ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб?</verse>
				<verse number="8">Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.</verse>
				<verse number="9">ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха!</verse>
				<verse number="10">— Нижеца щибха гьанже гьабизе кколеб? — ан гьикъулаан гьесда гІадамаз.</verse>
				<verse number="11">Гьес жаваб кьолаан: — КІиго гурде бугес цояб гьечІесе кье, квен бугесги гьединго гьабе.</verse>
				<verse number="12">Лъадалъ ччун рахъизе рачІарал магъало бакІарулел чагІазги гьикъана гьесда: — Я, МугІалим, нижеца щибха гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="13">Гьезие жаваб кьуна ЯхІяца: — Нужеда бихьизабуралдаса цІикІкІун бахъуге лъихъаниги магъало.</verse>
				<verse number="14">Гьединго рачІун рагъухъабаз гьикъана: — Нижеца щибха гьабизе кколеб? Гьезда абуна: — ХІал-зулмуялдалъун ва гьечІеб гІайиб гІунтІизабун лъихъаго гІарац бахъуге, нужеего щолеб харжалда разилъун чІа.</verse>
				<verse number="15">МасихІ вачІиналъухъ урхъун балагьун чІун букІараб халкъалда ракІалде кколеб букІана ЯхІяцин гуродай гьевилан.</verse>
				<verse number="16">ЯхІяца киназдаго абуна: — Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун.</verse>
				<verse number="17">Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъ бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, накку гьес ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила.</verse>
				<verse number="18">ГІадамазе Рохалил хабар бицун, гьединал ва цогидалги рагІабаздалъун гІемерал насихІатал гьарулел рукІана ЯхІяца.</verse>
				<verse number="19">[19-20] Гьерод ханас жиндирго вацасул чІужу ячинги ва гьеб гурелги гьесул квешлъаби ЯхІяца какулел рукІиндал, цогидал жиндирго цересезде тІаде жубана гьев ханас ЯхІя гвандинив тІамиялъул квешлъиги.</verse>
				<verse number="20"></verse>
				<verse number="21">Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун,</verse>
				<verse number="22">миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: — Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун!</verse>
				<verse number="23">Аллагьасе хъулухъ гьабизе байбихьулеб мехалъ, ГІисал букІана лъебергогІанасеб сон, ва гьесул умумузул силсила гьадинаб бугилан рикІкІунаан: гьесул эмен Юсуп, гьесулги эмен ГІели, цинги</verse>
				<verse number="24">Маттат, Леви, Малки, Яннай, Юсуп,</verse>
				<verse number="25">Маттитья, ГІамос, НахІум, Гьесли, Наггай,</verse>
				<verse number="26">МахІат, Маттитья, ШимгІи, Йосех, Йода,</verse>
				<verse number="27">ЙохІанан, Реса, Зеруббабел, Шеалтиэл, Нер,</verse>
				<verse number="28">Малки, Адди, Къасам, Элмадам, ГІер,</verse>
				<verse number="29">ЙешуагІ, ЭлигІезер, Йорим, Маттат, Леви,</verse>
				<verse number="30">ШимгІон, Ягьуда, Юсуп, Йонан, Элякъим,</verse>
				<verse number="31">Мелеа, Менна, Маттата, Натан, Давуд,</verse>
				<verse number="32">Йишай, Йобед, БогІаз, ШелахІ, НахІшон,</verse>
				<verse number="33">ГІаминадаб, Админ, Арам, ХІецрон, Перец, Ягьуда,</verse>
				<verse number="34">Якъуб, ИсхІакъ, Ибрагьим, ТерахІ, НахІор,</verse>
				<verse number="35">Серуг, РегІу, Пелег, Эбер, ШелахІ,</verse>
				<verse number="36">Къейнан, Арпакшад, Шем, НухІ, Ламек,</verse>
				<verse number="37">МетушелахІ, ХІенок, Йаред, Магьалалеэл, Къейнан,</verse>
				<verse number="38">Энос, Шит, Адам, Аллагь.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Илагьияб РухІалъ цІурав ГІиса Иорданалдаса тІадвуссана ва гьеб РухІалъ гьев гІицІаб авлахъалде вачана.</verse>
				<verse number="2">Гьениб кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьев къосинавизе. Гьебщинаб заманаялъ богІоллъи кІалдибе босичІо. КІикъого къо индал, ракъул хІал бергьана гьесие.</verse>
				<verse number="3">Илбисалъ гьесда абуна: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаб ганчІие амру гьабе чедлъун лъугьайилан.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца гьелъие жаваб кьуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб».</verse>
				<verse number="5">Цинги борхалъуде вачун, гьенисан цохІо лахІзаталда жаниб дуниялалъул киналго пачалихъал рихьизаруна гьесда.</verse>
				<verse number="6">Гьелъ абуна: — Гьал киналго пачалихъазул парччахІлъиги къудратги кьела дица дуе, гьеб киналъулго ихтияр дихъе щун бугелъул. Диего бокьарасе кьела дица гьеб.</verse>
				<verse number="7">Дуца дие сужда гьабуни, гьеб кинабго дур букІине буго!</verse>
				<verse number="8">ГІисаца жаваб кьуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе — дурго БетІергьанасе гурони сужда гьабуге. ЦохІо гьесие гьабе гІибадат!»</verse>
				<verse number="9">Илбисалъ ГІиса Иерусалималде вачун, Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъуна ва гьесда абуна: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаниса гъоркье кІанцІе!</verse>
				<verse number="10">ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе амру гьабун буго мун цІунейилан»</verse>
				<verse number="11">ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».</verse>
				<verse number="12">Гьелъие жавабалъе ГІисаца абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге», — янги абун буго ТІехьалда.</verse>
				<verse number="13">ГІисал хІалбихьун лъугІарабго, санагІатаб заман тІаде щвезегІан, гьесда аскІоса нахъе ана илбис.</verse>
				<verse number="14">Жиндилъ Илагьияб РухІ цІубарав ГІиса цинги Галилеялде тІадвуссана. ТІолабго сверухълъиялдаго гьасул хІакъалъулъ хабар тІибитІун батана.</verse>
				<verse number="15">Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана.</verse>
				<verse number="16">Жиндиего тарбия-лъай щвараб Назарет шагьаралде вачІана ва гьенивги, кидаго гІадин, шамат къоялъ синагогаялъуве ун, минбаралде вахана гІадамазе Илагьияб ТІехь цІализе.</verse>
				<verse number="17">Ишая аварагасул ТІехь кьуна гьесухъе. Гьадинаб калима бугеб бакІги батун, цІалана гьес:</verse>
				<verse number="18">«Дилъ БетІергьанасул РухІ буго, гьес дие ихтияр кьуна мискиназда Рохалил хабар бицине. Гьес дун витІана асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе, нужеда канлъи бихьанилан бецаздаги лъазабизе, зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе,</verse>
				<verse number="19">Аллагьасул рахІмат рещтІунеб мех тІаде щолеб бугиланги лъазабизе».</verse>
				<verse number="20">Цинги Илагьияб ТІехь гьес, дандеги чІван, динияб хъулухъалъул чиясухъе кьуна, ва насихІат гьабизе гІодов чІана. Синагогаялъур данделъарал киназулго берал гьесдехун руссун рукІана.</verse>
				<verse number="21">Гьебмехалъ ГІисаца байбихьана: — Жакъа гьеб калимаялъухъ гІенеккун нуж рукІаго, ритІухълъана гьелда рехсараб амру.</verse>
				<verse number="22">ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна: — Юсупил вас вуго гурищ гьав?</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьезда абуна: — Гьайгьай, «тохтирас цин живго сахлъизавизе ккола», — ян кици тІамила нужеца дие. «Капернаумалда дуца гьабунилан нижеда рагІарабщинаб иш гьаниб инсул ракьалдаги гьабе», — янги абила нужеца дида.</verse>
				<verse number="24">Хадуб гьес абуна: — ХІакъаб рагІи буго нужее: цониги авараг рикІкІунаро жиндирго инсул ракьалда.</verse>
				<verse number="25">[25-26] ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс.</verse>
				<verse number="26"></verse>
				<verse number="27">Элиша аварагасул заманаялда, барасалъ унтарал гІадамал Исраилил халкъалда гьоркьор гІемер рукІаниги, Сириялдаса цо Наъман абулев чи гурони, вацІцІалъизавичІо гьес.</verse>
				<verse number="28">Гьеб рагІарабго синагогаялъур рукІарал гІадамал ццидаца гьалаглъизаруна.</verse>
				<verse number="29">ТІаде рахъун гьез ГІиса шагьаралдаса къватІиве вачана жидерго шагьар тІад бараб магІарда бугеб кьурулъа гъоркье рехизейилан.</verse>
				<verse number="30">Амма, гІадамазул руккалилъа ворчІун, нахъе ана ГІиса.</verse>
				<verse number="31">Цинги Галилеялъул шагьар Капернаумалде ана ва шамат къояз гьезие вагІза гьабизе лъугьана.</verse>
				<verse number="32">ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.</verse>
				<verse number="33">Синагогаялъув вукІун вуго хъубаб ва квешаб женалъ ккурав цо чи.</verse>
				<verse number="34">— ВахІ! Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! — ян ахІдезе лъугьана гьев. — Ниж гъуризе вачІун вуго мун! Дида лъала мун щивали, мун вуго Аллагьасул мукъадасав илчи!</verse>
				<verse number="35">Амма ГІисаца жен чІезабуна: — КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа! — янги абун. Синагогаялъул бакьулъ гьев чиги гІодов ккезавун, гьесие щибго заралги гьабичІого, гьесул чорхолъа къватІибе ана жен.</verse>
				<verse number="36">Киналго гІажаиблъун хутІана. Цоцада гаргадулел рукІана гьел: — Гьесул рагІабазул магІна щиб? Гьесулъ буго жундузе амру гьабизе кІолеб хІалкІолъиги къудратги, гьелги инсанасул чорхолъа къватІире лъугьунел руго.</verse>
				<verse number="37">Сверухълъиялда киса-кибего тІибитІана ГІисал хІакъалъулъ хабар.</verse>
				<verse number="38">Цинги, синагогаялъуса къватІиве лъугьун, Симонил бакІалде ана ГІиса. Кутакаб цІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. Гьей сахлъизаеян гьарана ГІисада.</verse>
				<verse number="39">ТІаде къулун гьес гьелъул цІа-кан инабуна. ГьебсагІат тІаде яхъун якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.</verse>
				<verse number="40">Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес.</verse>
				<verse number="41">Гьебмехалъ гІемерисезул чорхолъа жундул нахъе унел рукІана: «Мун Аллагьасул вас вуго!» — янги ахІулаго. Гьезда лъалеб букІиндал ГІиса МасихІ вугевлъи, гьез гьеб бицунгутІизейин ГІисаца гьел руцІцІун чІезарулел рукІарал.</verse>
				<verse number="42">Сордо рогьарабго шагьаралдаса къватІиве вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде. Халкъалъул руккелал гьев валагьизе рахъана. Гьесда хадур гъедал, гьел гьардана гьениса нахъе унгейилан.</verse>
				<verse number="43">Амма ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицине цогидал шагьараздеги ине ккола дун, гьелъие гІололъидалха дун витІун вугев.</verse>
				<verse number="44">Гьедин, Ягьудиялъул синагогабазде ун, вагІза-насихІатал гьаруна гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана.</verse>
				<verse number="2">ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана.</verse>
				<verse number="3">Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев.</verse>
				<verse number="4">ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна: — Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин.</verse>
				<verse number="5">Симоница гьесие жаваб гьабуна: — Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила.</verse>
				<verse number="6">Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ.</verse>
				<verse number="7">Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби.</verse>
				<verse number="8">Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи!</verse>
				<verse number="9">Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун.</verse>
				<verse number="10">Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: — ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел.</verse>
				<verse number="11">КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна.</verse>
				<verse number="12">Гьале ГІиса цо шагьаралда вугеб мехалъ, гьев вихьаравго, кІалагъоркье ккана ва гьардезе лъугьана тІолабго черх барасалъ бацарав цо чи: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!</verse>
				<verse number="13">ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи.</verse>
				<verse number="14">Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: — Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе.</verse>
				<verse number="15">Бугониги, ГІисал хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб дагьабги цІикІкІун тІибитІана. Гьесухъ гІенеккизеги ва жалго сахлъизаризеги рачІунаан халкъалъул руккалаби.</verse>
				<verse number="16">Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан.</verse>
				<verse number="17">Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев.</verse>
				<verse number="18">Гьале цо чагІаз туртида лъун восун вачІана палижалъ ккурав чи. ГІисада цеве лъезе гьев чи рокъове жаниве восизе хІаракат бахъулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="19">Амма гІадамазул гІемерлъиялъ нуцІихъан восун бажаричІого, тІохги бичун, гьенисан туртида лъовухъего рукъ бакьулъе ГІисада цеве тІаса гъоркье виччана гьез гьев.</verse>
				<verse number="20">Гьев восун рачІарал гІадамазул божи бихьун, ГІисаца абуна: — Мунагьаздаса вацІцІалъана, гьудулав чи, мун.</verse>
				<verse number="21">Дол диниял гІалимзабиги фарисеялги жалго жиделъго гаргадизе лъугьана: — Гьединал гІасиял-пасикъал рагІаби абизе ккани, гьавго щив чи! ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?</verse>
				<verse number="22">ГІисал хІалада лъана гьезул пикраби. Гьес гьикъана: — Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел?</verse>
				<verse number="23">Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъана», — ян абизейищ, яги: «ТІаде вахъун, вилълъанхъе», — ян абизейищ?</verse>
				<verse number="24">Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги ГІисаца унтарасда абуна: — Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго малиги босун, рокъове а.</verse>
				<verse number="25">Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго.</verse>
				<verse number="26">ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: — Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! — ян.</verse>
				<verse number="27">Гьениса къватІиве вахъун унаго, нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана ГІисада Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чи. — Дида цадахъ вилълъа, — ян абуна гьесда ГІисаца.</verse>
				<verse number="28">БукІаралъуб букІарабги тун тІаде вахъун, гьесда цадахъ ана Левий.</verse>
				<verse number="29">Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги.</verse>
				<verse number="30">Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана: — Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел?</verse>
				<verse number="31">Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин.</verse>
				<verse number="32">Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин.</verse>
				<verse number="33">Гьез ГІисада абуна: — ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзабазда квана-гьекъечІого кІал ккун рукІайилан абизе бегьилищ нужеца?</verse>
				<verse number="35">РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги.</verse>
				<verse number="36">Цинги гьес гьезие гьадинаб мисал бачана: — ЦІияб ратІлидасаги бахъун басрияб ратІлида рукъи баларо лъицаниги. ЦІияб ретІелги хвела, басриялдаги цІияб рукъи рекъеларо.</verse>
				<verse number="37">Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. ЦІияб чагъиралъ гьеб багьизабила. Гьебмехалъ чагъирги гІодобе чвахун ина, рахълъенги хвела.</verse>
				<verse number="38">ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе.</verse>
				<verse number="39">Басрияб чагъиралда тІаде гьебсагІатго цІияб чагъир гьекъезе лъиениги бокьуларо. Басриябго лъикІаб бугилан абула гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Хуриса ретІун тІоралги хъатинир кІвекІун, хІалухъадул мугьал кунел рукІана гьесул муридаз.</verse>
				<verse number="2">Гьенир рукІарал фарисеяз гьезда абуна: — Шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш щай нужеца гьабулеб? — ан.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали?</verse>
				<verse number="4">Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед.</verse>
				<verse number="5">ГІисаца гьезда абуна: — Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго!</verse>
				<verse number="6">Цоги шамат къоялъ ГІиса халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе синагогаялъуве ун вукІана. Гьенив вукІана кваранаб квер бакъварав цо чи.</verse>
				<verse number="7">ГІисада хадуб мухІканго хал ккун чІун рукІана диниял гІалимзабиги фарисеялги, гьес гьев чи сахлъизавилародайилан. Шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун букІана гьазие.</verse>
				<verse number="8">Гьазул пикруги бичІчІун, ГІисаца дов квер бакъварав чиясда абуна: — ТІаде вахъун рукъ бакьулъе вачІа, — ян. ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІана дов чи.</verse>
				<verse number="9">ГІисаца гьезда абуна: — Дица нужеда цо жо гьикъила: шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев?</verse>
				<verse number="10">Гьезда берги речІчІизабун, ГІисаца дов чиясда абуна: — Квер гІебеде битІе, — ян. Гьес абухъе гьабуна дов чияс ва кверги сахлъана.</verse>
				<verse number="11">Ццидаца гьалаглъарал гьез цоцазда дандбалеб букІана ГІисае щибдай гьабун лъикІилан.</verse>
				<verse number="12">Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана.</verse>
				<verse number="13">Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана:</verse>
				<verse number="14">Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей,</verse>
				<verse number="15">Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан тІокІцІар бугев Симон,</verse>
				<verse number="16">Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот.</verse>
				<verse number="17">Жиндирго муридазда цадахъ магІардаса гъоркье рещтІун, авлахъалде щвана ГІиса. Гьев сверун ккуна муридазул руккелалъ ва тІолабго Ягьудиялдаса, Иерусалималдаса, хІорил рагІалда ругел Тиралъул ва Сидоналъул улкабаздаса рачІарал таманал гІадамазги.</verse>
				<verse number="18">Гьел рачІун рукІана ГІисал вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизеги, унта-щокълъиялдаса гьес рорчІизаризеги. Хъубал жундузул гІазабалъулъ рукІарал гІадамалги сахлъизаруна ГІисаца гьенир.</verse>
				<verse number="19">ГІисада квер хъвазегІаги щвелародайилан тІаде гьунун бачІунеб букІана халкъалъул руккел, — гьесдасан бачІунеб букІиндалха киналго унтарал сахлъизарулеб цо къуват-рухІ.</verse>
				<verse number="20">ТІаса бер босичІого муридазухъги валагьун, ГІисаца байбихьана: — Гьардарал гурищ нуж, мискинал-пакъирал, нужее бугелъул Аллагьасул ПарччахІлъи.</verse>
				<verse number="21">Гьардарал гурищ нуж, гьанже ракъун ругелал, Аллагьас нуж гІорцІизаризе ругелъул. Гьардарал гурищ нуж, гьанже гІодилел ругелал, нуж релъанхъизе ругелъул.</verse>
				<verse number="22">ГІадамил Лъимер сабаблъун нуж халкъалда рихиндал, нуж нахъе рачахъидал, инжит-хІакъир гьаридал, нужеда квешаб цІар чІвайдал, — гьебмехалъги гьардарал гурищ нуж.</verse>
				<verse number="23">Гьеб къоялъ роха нуж, рохун кІанцІезе лъугьа нуж, зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугелъул нужее. Цересел аварагзабаз гьазул умумуздасанги хІехьарабин гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="24">Балагьги гІазабги гурищ нужее, бечедал, гьанибго лъикІаб гІумру бугелъул нужер.</verse>
				<verse number="25">Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже гІорцІун ругелал, нуж ракъизе ругелъул. Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже релъанхъилел ругелал, магІу тІун гІодизе ругелъул нуж.</verse>
				<verse number="26">Балагьги гІазабги гурищ нужее, киназго нужее рецц-бакъ гьабулеб бугеб мехалъ! Цересел гьересиаварагзабазе гьазул умумузги гьабурабин гьедин рецц-бакъ.</verse>
				<verse number="27">Дихъ гІенеккун ругел нужеда абулеб буго дица: нужерго тушбаби рокьа, нуж рокьуларезе лъикІлъи гьабе.</verse>
				<verse number="28">Нужее нагІана кьолездаги баркат лъегиян абе, нуж къабихІ гьаруралги дугІадулъ рехсе,</verse>
				<verse number="29">Дур кІаркьен чІварасда цебе цояб кІаркьенги ккве, дудаса чухъа-гужгат бахъарасе гурде бахъизеги квалквал гьабуге.</verse>
				<verse number="30">Гьараравщинасе гьарарабги кье, кьурабги нахъе тІалаб гьабуге.</verse>
				<verse number="31">Цогидаз дуего гьабизе бокьулеб жо дуца гьезиеги гьабе.</verse>
				<verse number="32">Нужго рокьулелал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъеги рокьулелъул жалго рокьулелал.</verse>
				<verse number="33">Нужее лъикІлъи гьабулесе бецІун гьабулеб лъикІлъиялъулги кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъгицин гьабулелъул гьебго жо.</verse>
				<verse number="34">Нахъе кьеялде хьул лъун чияхъе къарзалъе кьураб боцІул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъги кьолелъул цоцахъе къарзалъе боцІи, тІаса бекичІого, камичІого тІадбуссине букІиналда ракІги чІун.</verse>
				<verse number="35">Нужеейин абуни нужерго тушбаби рокьа, садакъаби гьаре, нахъе щвеялъул пикру гьабичІого къарзалъе боцІиги кье. Гьебмехалъ кири гІемерлъила нужее, ва ТІадегІанав Аллагьасул васаллъун лъугьина нуж. Жидее гьабураб лъикІлъи лъаларезеги квешазеги лъикІлъи гьабулевлъун вугелъул гьев.</verse>
				<verse number="36">Нужер Эменго гІадин гурхІел-рахІму бугеллъун рукІа нужги.</verse>
				<verse number="37">Нужеца чияда гІайиб чІваге, — Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо; нужеца тамихІалде цІаге, — нужги тамихІалде цІаларо. Нуж тІасалъугьа, — нужедаги тІасалъугьина.</verse>
				<verse number="38">Нужеца кье, — нужееги кьела. Дагьабги цІикІкІун жанибе инелъун хьвагІезабун, цинги бугІун ва бетІер гьабун цІезабураб хІалалаб сахІалъ борцун бала нужер квенчІелтІе. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги.</verse>
				<verse number="39">Гьадинаб мисалги бачана ГІисаца гьезие: — Цо бецав чиясухъа бажариладай цоги бецав чи квер ккун вачине? КІиялго цадахъ гвандинире рортилародай гьел?</verse>
				<verse number="40">Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил. Амма, цІалун вахъараб мехалъ, бокьарав чи ващалъула мугІалимасда.</verse>
				<verse number="41">Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб?</verse>
				<verse number="42">Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай!» — ян гьесда абизе, дурго бадиб бугеб чІалуги бихьичІого? Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.</verse>
				<verse number="43">ЛъикІаб гъотІода тІад турараб пихъ букІунаро, турараб гъотІода тІад лъикІаб пихъги букІунаро.</verse>
				<verse number="44">Пихъихъ балагьун лъала гъветІ батІа гьабизе. Зазида тІад инжир барщуларо, гІинтІидул хъархъидаса цІибил бетІуларо.</verse>
				<verse number="45">ЛъикІав чияс жиндирго рекІелъ бугеб лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи босула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи босула. РакІ цІун тІасан араб гурони гьесул кІалалъ бицунарелъул.</verse>
				<verse number="46">«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» абун щай нужеца диде ахІулеб, дица абураб жо нужеца гьабулеб гьечІеб мехалъ?</verse>
				<verse number="47">Дида аскІове вачІун, дир рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарурав чи лъида релълъуневали мисал бачина дица нужее:</verse>
				<verse number="48">гьев релълъуна тІалде щвезегІан гъваридго кьучІги бухъун, мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІаниги, щущан инчІо гьеб, щулаго бан букІиндал.</verse>
				<verse number="49">Амма дихъ гІенекканиги, дица абухъе гьабуларев чи релълъуна, кьучІго бухъичІого, ракьалда тІад мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІарабго, доб мина биххана, щущан ун, чІудби хутІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана.</verse>
				<verse number="2">Гьенив Рималъул рагъухъабазул цо нусилбетІерасул гьесие цІакъ хирияв рагьтІател вукІана кутакаб унтиялъ хвалил боснов лъун.</verse>
				<verse number="3">ГІиса вуссун вугин рагІидал, гьес жугьутІазул чІахІиял чагІи ритІана жиндир рагьтІател сахлъизавизе вачІаян гьесда гьаризе.</verse>
				<verse number="4">ГІисахъе рачІун кутакалда гьардезе лъугьана гьел, дуца кумек гьабизе мустахІикъав чи вугин гьевиланги абуна.</verse>
				<verse number="5">Гьесие нилъер халкъ цІакъ бокьулила, нижер гьаниб синагогагицин гьес бараб бугила.</verse>
				<verse number="6">ГІиса гьезда цадахъ ана. Досул бакІалде щолел рукІаго, нусилбетІерас данде жиндирго гьудулзаби ритІун рачІана вачІинчІониги кІваричІилан ГІисада лъазабизе, ТІадегІанав ГІиса къавулъе лъугьинегІанасеб къадруялъул чи гурин живилан абизе.</verse>
				<verse number="7">Духъе вачІине мустахІикъав чиги гурин жив, жиндир рагьтІател сахлъизе кІолеб къуваталъул цо рагІи абеян гьаризе ритІун ругоан гьес гьел.</verse>
				<verse number="8">Живги вугила тІадехун ругезул амру тІубазабулев, жиндир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев унила. ВачІайилан цогидасда абуни, гьев вачІунила. Пуланаб иш тІубазабейилан рагьтІателасда абуни, гьес тІубазабулила.</verse>
				<verse number="9">Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадуб бачІунеб букІараб халкъалдехун вуссун, гьес абуна: — Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.</verse>
				<verse number="10">НусилбетІерас ГІисахъе ритІарал гІадамал тІадруссун рачІиналде, рагьтІател сахлъун ватана.</verse>
				<verse number="11">КватІичІого ГІиса ана Наин абулеб шагьаралде. Муридалги рукІана цадахъ. Халкъалъул руккалабиги рачІана гьесда хадур.</verse>
				<verse number="12">Шагьаралъул кавудахъе щолеб мехалъ, гьале къватІибе босун бачІунеб батана цо хварав чиясул мали. Гьев вукІана эбелалъул цохІо вугев вас, гьей эбелги къоролай йикІана. ГІезегІанго халкъ букІана хвел букъизе унеб.</verse>
				<verse number="13">Гьей эбел йихьидал, ракІ гурхІун, ТІадегІанав ГІисаца: — ГІодуге! — ян абуна гьелда.</verse>
				<verse number="14">Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго.</verse>
				<verse number="15">Хварав чи тІаде ворхана ва кІалъазе лъугьана. Гьедин чІаголъизавун, ГІисаца гьев гІолохъанчи гьесул эбелалъухъе кьуна.</verse>
				<verse number="16">Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: — КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь.</verse>
				<verse number="17">ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІана тІолабго Ягьудиялдаги сверухъ ругел бакІаздаги.</verse>
				<verse number="18">ЯхІяда жиндирго муридаз бицана гьеб киналъулго хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="19">КІиго муридги тІаде ахІун, ЯхІяца гьел ТІадегІанав ГІисахъе ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» — абун гьикъизе.</verse>
				<verse number="20">ГІисахъе рачІун, гьез абуна: — ЯхІя аварагас ниж ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» — абун гьикъизе.</verse>
				<verse number="21">(Гьеб заманаялде щвезегІан ГІисаца гІемерал гІадамал сахлъизарун рукІана унта-щокълъиялдаса, хъубал жундуздаса ва гІемерал бецал чагІазда канлъиги бихьизабун букІана.)</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин.</verse>
				<verse number="23">Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.</verse>
				<verse number="24">Гьел ЯхІял чапарзаби нахъе араб мехалъ, ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: — Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ?</verse>
				<verse number="25">Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал ва бечедаб яшавалда ругел гІадамал парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго.</verse>
				<verse number="26">Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда!</verse>
				<verse number="27">Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».</verse>
				<verse number="28">Дица нужеда абулеб буго: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя аварагасдаса кІудияв чи гьечІо. Амма Аллагьасул ПарччахІлъиялда ругезул бищун гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. (</verse>
				<verse number="29">ЯхІял вагІза рагІарал киналго гІадамаз, хІатта магъало бакІарулел чагІазги, лъадалъ ччун рахъизарун, Аллагьасул Нух ритІухъ гьабуна.</verse>
				<verse number="30">Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.)</verse>
				<verse number="31">Сунда данде кквелел дица гьаб заманаялъул гІадамал, лъида релълъун гьел ругел?</verse>
				<verse number="32">«Нижеца зурма пуна — Нуж кьурдизе рахъинчІо! МагІил бакънал рачана — Нуж гІодизе лъугьинчІо!» — ян къотІноре рахъун цоцазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел.</verse>
				<verse number="33">ВитІун вачІана я чед кунарев, я чагъир гьекъоларев ЯхІя авараг. Нужеца абуна гьев шайтІабаз ккурав чи вугилан.</verse>
				<verse number="34">ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», — абун.</verse>
				<verse number="35">Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи.</verse>
				<verse number="36">Цо фарисеяс гьоболлъухъ ахІун, гьенив кваналев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="37">Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана.</verse>
				<verse number="38">Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда.</verse>
				<verse number="39">Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей.</verse>
				<verse number="40">Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: — Симон! Цо дуда бицине жо буго дир. — Бице, дир МугІалим, — ан абуна Симоница.</verse>
				<verse number="41">ГІисаца бицана: — Къарзалъ гІадамазухъе гІарац кьолев цо чиясул вукІун вуго кІиго налъулав. Цояс гьесие кьезе букІун буго щунусго динар, цогидас — кІикъоялда анцІго динар.</verse>
				<verse number="42">Налъи бецІизе гьезул рес гьечІолъи бихьун, кІиясего хІалал гьабун тун буго гьес. Гьанже дуца бице дида: кинасе гьев цІикІкІун вокьилев?</verse>
				<verse number="43">Симоница жаваб гьабуна: — Дида ракІалде ккола, цІикІкІун гІарац нахъе кьезе букІарасе цІикІкІун вокьилин абун. ГІисаца абуна: — БитІун ракІалде ккун буго дуда.</verse>
				<verse number="44">Цинги гъой чІужугІаданалдехун вуссун, гьес Симонида гьикъана: — Дуда йихьулищ гьай гІадан? Дун дур рокъове лъугьараб мехалъ дир хІатІал чуризе лъим кьечІо дуца. Гьалъ жиндирго магІица чурана дир хІатІал, жиндирго ботІрол расуца ракъвазеги гьаруна гьел.</verse>
				<verse number="45">Саламалъул убач гьабичІо дуца дида, гьалъин абуни дун гьаниве вачІаралдаса нахъего убачазул цІезарулел руго дир хІатІал.</verse>
				<verse number="46">Салам гьабун нах бахинчІо дуца дир бетІералда, гьалъин абуни дир хІатІазда бахунеб буго бищунго махІгьуинаб нах.</verse>
				<verse number="47">Гьединлъидал дица дуда абулеб буго: гьелъул мунагьал цІикІкІун чуридалин гьелъие дун цІикІкІун вокьулев вугев. Мунагьал дагь чурулесе дагь гурони вокьуларо.</verse>
				<verse number="48">Дой гІадамалда гьес абуна: — Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, — ян.</verse>
				<verse number="49">Цадахъ кваналел рукІаразда ракІалде ккана: — Гьавго щив, гІадамал мунагьаздасацин рацІцІад гьаризе кІолев, чи?</verse>
				<verse number="50">ГІисаца дой гІадамалда абуна: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ.</verse>
				<verse number="2">ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги,</verse>
				<verse number="3">Гьеродил рукъалъул иш тІадкъарав Хуза абулев чиясул лъади Иоаннаги, Сусаннаги ва цогидалги, жидер боцІи-рикъзиялдасан кумек гьабун, гьезие хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби.</verse>
				<verse number="4">Цо нухалъ гІемераб халкъ бакІарун букІана гьесда аскІобе. Мисал бачун гьадинаб хабар бицана ГІисаца гьезие:</verse>
				<verse number="5">— Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила. ХІатІикь мерхьунел рукІарал гьел мугьал роржун рачІун хІанчІаз рищанила.</verse>
				<verse number="6">Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. ТІаде раккаралго ракъванила гьел, ракьулъ регьел букІинчІелъул.</verse>
				<verse number="7">Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гьоркьоре кканила, хІалигъун бижараб заз-хъарахъалъ гъанкъун реханила.</verse>
				<verse number="8">Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалде. Нус-нус мугь тІад бугел тІорал рижанила гьездаса. Гьедин гьеб хабарги лъугІизабун, ахІун абуна ГІисаца: — ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! — ан.</verse>
				<verse number="9">Гьеб мисалалъул магІна щибилан гьикъана муридаз.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца абуна: — Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе — мисалаздалъун кьун буго, ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги бичІчІунгутІизе.</verse>
				<verse number="11">Гьале доб мисалалъул магІна: хуриб хьалеб хьон буго Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="12">Нухде рортарал хьодул мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулел гІадамал, цинги бачІун илбисалъ гьезул рекІелъа гьеб босун уна, гьел божунгутІизе ва хвасарлъунгутІизе.</verse>
				<verse number="13">Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабуниги, дагьабго заманаялъ гурони гьелда божуларелал, — жидер кьалбал щулиял гьечІелъул, хІалбихьулел къоял тІаде гІунтІидал, жал ратІалъунги чІолел.</verse>
				<verse number="14">Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал, — амма къокъун унеб бугеб гІумруялъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьел гъоркькъинарула, гьезда тІорги цІубаларо.</verse>
				<verse number="15">ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІи рагІидал, хІеренаб-хІалимаб рекІелъ гьеб цІунулел ва гьеб сабру сабаблъун жидее бачІинги щолел гІадамал.</verse>
				<verse number="16">РекІараб чирахъ тІад хьаг лъун лъицаниги бахчизабуларо, хьонбакІалда гъоркь лъоларо. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб.</verse>
				<verse number="17">Кинабго бахчарабщинабги тІатунелъул, балъгоябщинабги къватІибе загьирлъулелъул.</verse>
				<verse number="18">Гьединлъидал нужеца хал гьабе кин нуж дихъ гІенеккун ругелали. Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бахъизе буго бугебилан гьесда кколебги.</verse>
				<verse number="19">ГІисахъе рачІана эбелги вацалги, амма халкъалъул гІемерлъиялъ гьесда аскІобе нух бахъизе кІвечІо гьезда.</verse>
				<verse number="20">Дур эбелги вацалги мун вихьизе бокьун къватІир чІун ругилан абуна гьесда.</verse>
				<verse number="21">Гьес гьезда абуна: — Дир эбелги дир вацалги руго Аллагьасул рагІи жидеда рагІулел ва гьеб тІубазабулел гІадамал.</verse>
				<verse number="22">Цо къоялъ жиндирго муридазда цадахъ гьев росода рекІана. — РачІа доб рахъалде рахине, — ян абуна гьес гьезда. Расаги бачун ана гьел.</verse>
				<verse number="23">Гьедин унел гьал рукІаго, ГІиса кьижун ккана. ХІоралда тІад кутакаб гьури багъарана. Раса лъадал цІолеб букІана. Гъанкъиялда хІинкъи букІана.</verse>
				<verse number="24">АскІоре ун, гьез ГІиса ворчІизавуна: — Я, НасихІатчи! НасихІатчи! Нилъ гъанкъизехъин руго! — ян абун. Макьидаса вигьун, гьес гьорода лъазабуна тІокІаб пугейилан, лъадаеги амру гьабуна гьалаглъугейилан. Гьел мутІигІлъана. СихІ къотІун лъугьана.</verse>
				<verse number="25">Гьебмехалъ ГІисаца абуна: — Киб бугеб нужер божи-иман? ХІинкъиялъ гІажаиблъун хутІарал гьез цоцазде ургъел бикьулеб букІана, гьороеги карачалабазеги амру гьабулев ва гьелги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан.</verse>
				<verse number="26">Гьале гьал щвана Галилеялда дандбитІун доб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде.</verse>
				<verse number="27">Гьев ракъдаде рещтІараб мехалъ, гьесда данде вачІана цеве шагьаралда вукІарав цо чи. Гьев вукІана цевегоялдаса жундуз ккурав чи. Цебегоялдаса нахъе тІад ретІелги ретІунароан гьес, мина-руссеналъувги чІолароан гьев, хабалазул нохъазда букІана гьесул чІейи.</verse>
				<verse number="28">ГІиса вихьаравго чІчІичІчІидулаго-ахІдолаго гьесда цеве кІалагъоркье речІчІана, ва кІудияб гьаракь гьабун, абуна гьес: — ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса, щиб дуе дидасан къваригІараб? Дие гІазаб кьогейилан гьарула дица дуда!</verse>
				<verse number="29">(ГІисаца хъубаб женалъе амру гьабун букІиндалха гьев чиясул чорхолъа къватІибе лъугьаян. Чанго нухалъ хъубаб женалъ ккун вукІиндал, кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран вухьунаан гьев. Амма, гьес рухьен тІутІураб мехалъ, женалъ гьев гІадан-чи гьечІеб бакІалде хъамулаан.)</verse>
				<verse number="30">ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. — «Бо» буго, — ян жаваб кьуна. ГІемерал жундул рукІиндалха гьесул чорхолъ.</verse>
				<verse number="31">Жундуз ГІисада гьарана жал жужахІалъул кІкІалахъе гъогеян.</verse>
				<verse number="32">Гьениб магІарда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. Гьел болъоназда гъорлъе лъугьине риччайин гьарана жундуз ГІисада. Гьес изну кьуна.</verse>
				<verse number="33">Гьев чиясул чорхолъа къватІире рачІун хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат рехьед цо борхатаб бакІалдасан хІоринибе кІанцІана ва гьениб гъанкъана.</verse>
				<verse number="34">Гьеб кинабго бихьун болъоназул гІухьби лъутун ана, шагьаралдаги росабалъги гьелъул хІакъалъулъ бицине.</verse>
				<verse number="35">Щиб лъугьарабали лъазе гІадамал рачІана гьенире. ГІисада аскІоре щведал, гьесул хІатІазда цеве гІодов чІун ватана гьезда дов жундуз ккун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана.</verse>
				<verse number="36">Гьенир рукІараз бицана жундуз ккурав чи ГІисаца кин сахлъизавуравали.</verse>
				<verse number="37">Герасеназул тІолабго улкаялъул гІадамал кутакалда хІинкъидал, гьез ГІисада гьарана жидеда аскІоса нахъе айилан. Гьебмехалъ, росодаги рекІун, тІадвуссун ана гьев.</verse>
				<verse number="38">Дов жундуз ккун вукІарав чияс ГІисада гьарана живги цадахъ вачейилан. Амма ГІисаца гьев вачинчІо.</verse>
				<verse number="39">Гьес абуна: — Дурго рокъове тІадвусса ва Аллагьас дуего гьабуралъул хІакъалъулъ бице. Инеги ун гьев чияс кинабго шагьаралдаго бицана ГІисаца жиндиего гьабуралъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="40">ТІадвуссун Галилеялде вачІараб мехалъ, халкъалъул руккелалъ дандчІвай гьабуна ГІисада. Гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун рукІиндалха гьел киналго.</verse>
				<verse number="41">Гьале синагогаялъул хІакимлъун вукІарав Яир абулев цо чи вачІана гьениве, ГІисал хІатІазда цеве кІалагъоркьеги речІчІун гьардана жиндир бакІалде вилълъаян.</verse>
				<verse number="42">Гьев чиясул анцІила кІигогІан сон барай цохІо йигей яс йикІана хвалде ккун унтун. Гьелъухъе унаго халкъалъул руккелалъ ГІиса данде къазавулев вукІана.</verse>
				<verse number="43">АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, лъиданиги сахлъизайизе кІвечІей цо чІужугІаданалъ,</verse>
				<verse number="44">аскІоеги ячІун, нахъасан ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда квер хъвана. ГьебсагІат къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би.</verse>
				<verse number="45">ГІисаца гьикъана: — Дида квер лъица хъвараб? — ан. Киназго инкар гьабидал, Пётрица абуна: — Я, НасихІатчи, халкъалъ мун гьоркьов вазавун вугогури, данде къазавулев вугогури.</verse>
				<verse number="46">Амма ГІисаца абуна: — Цо лъицаялиго дида квер хъвана. Дидасан гьесде цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват араблъи загьирлъана дие.</verse>
				<verse number="47">Жиндир иш балъго хутІичІеблъи лъан, дой чІужугІадан сородилаго ГІисада аскІое ячІана, гьесда цее кІалагъоркье речІчІун, бицана щай жинца гьесда квер хъварабали ва кин жий гьебсагІат сахлъараялиги.</verse>
				<verse number="48">Гьес гьелда абуна: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго!</verse>
				<verse number="49">Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса цо чи вачІана ва инсуда абуна дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабугейилан.</verse>
				<verse number="50">Гьеб рагІидал, ГІисаца ясалъул инсуда абуна: — Мун хІинкъуге, божун вукІа. Дур яс сахлъила, — ян.</verse>
				<verse number="51">Гьезул бакІалде щведал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги ва ясалъул эбел-эменги гурони, цогидал гьес жанире риччачІо.</verse>
				<verse number="52">Киналго, гьей ясалъухъ керен бухулаго, гІодулел рукІана. Амма гьес абуна: — Нуж гІодуге. Гьей хун гьечІо, кьижун ккун йиго, — ян.</verse>
				<verse number="53">Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана, гьей хун йикІинги лъан.</verse>
				<verse number="54">Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана: — ТІаде яхъа, ясай! — абун.</verse>
				<verse number="55">Ясалъул чорхолъе рухІ тІадбуссун бачІана, гьей гьебсагІат тІаде яхъана. Гьелъие квен кьеян абуна ГІисаца.</verse>
				<verse number="56">ГІажаиблъун хутІана гьелъул эбел-эмен. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеян лъазабуна ГІисаца гьезда.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">АнцІила кІиявго чапарги ахІун, унта-щокъалги жундуз ккуралги сахлъизаризе къуватги ихтиярги кьуна гьезие ГІисаца.</verse>
				<verse number="2">Цинги гьел чапарзаби ритІана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ лъазабизе ва гІадамал сахлъизаризе.</verse>
				<verse number="3">Гьес гьезда абуна: — Я гІанса, я таргьа-къвачІа, я квен-тІех, я гІарац-месед, я хисизе ретІел — щибниги босуге нужеца цадахъ.</verse>
				<verse number="4">Цо лъилниги рокъоре лъугьани, гьеб ракьалдаса нахъе инегІан, гьенир чІа.</verse>
				<verse number="5">Ваамма нуж къабул гьаричІони, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб.</verse>
				<verse number="6">Рахъун гьел росабалъа росабалъе ана, Рохалил хабар бицунаго ва киса-кирго унтаралги сахлъизарулаго.</verse>
				<verse number="7">Гьерод ханасдаги рагІана ГІисал гьел киналго ишазул хІакъалъулъ, ва гьев малъкъосун хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІиндалха хваралъуса вахъун ЯхІя вачІун вугилан.</verse>
				<verse number="8">Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вачІун вугилан, цо-цояцайин абуни, цебе заманаялъул аварагзабазул цояв чІаголъун вугилан хабар биччан букІана.</verse>
				<verse number="9">Гьеродицани абулеб букІана: — ЯхІял дица бетІер къотІана; жиндир хІакъалъулъ дида гьадинал харбал рагІулел ругев чи щивха кколев? Гьев вихьизе гъира букІана Гьеродил.</verse>
				<verse number="10">ТІадруссун рачІун чапарзабаз ГІисада бицана жидецаго гьабура-таралъул хІакъалъулъ. Цинги, цохІо гьелги рачун, гьев ана Байтсаида абулеб шагьаралде.</verse>
				<verse number="11">Амма, гІадамазда лъан, гьелги гьесда хадур ана. Гьес гьел тІаде къабул гьаруна. Гьезие Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана ва гьесул кумекалде хІажалъарал сахлъизеги гьаруна.</verse>
				<verse number="12">Гьале маркІачІумех щолеб букІана. АскІове вачІун анцІила кІиявго чапарас гьесда абуна: — Сордо базеги жидеего квание гІамал гьабизеги гІагардаса гІебеде ругел росабалъе ва кулабазде айилан абе гьал гІадамазда, гІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб.</verse>
				<verse number="13">ГІисаца гьезда абуна: — Нужеца кваназаре гьел. Гьез абула: — Щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІо нижехъ, гьел киназего гІураб кваназе жо босизе ани гурони.</verse>
				<verse number="14">(Гьенив вукІана щуазаргогІанасев бихьинчи.) Жиндирго чапарзабазда гьес абуна: — Нужеца гьел, гІага-шагарго кІикъоялда анцІ-анцІ чи кколедухъ, кьера-кьерал гьарун чІезаре, — ян.</verse>
				<verse number="15">Гьес абухъе гІодор чІезаруна гьез гьел киналго.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна халкъалъе бикьейилан.</verse>
				<verse number="17">Киналго гІорцІизегІан кванана, анцІила кІиго гьегь цІураб нахъегицин хутІана.</verse>
				<verse number="18">Цо нухалъ ГІиса живго цохІо вукІана Аллагьасда гьарделев. Муридалги рукІана гьесда цадахъ. Гьес гьезда гьикъана: — Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? — абун.</verse>
				<verse number="19">Гьез жаваб кьуна: — Цояз мун ЯхІя авараг вугилан абулеб буго, цогидаз абулеб буго Иляс авараг вугилан, цо-цояз абулеб буго цебе заманаялъул аварагзабазул цояв вугин хваралъуса вахъун вачІунилан.</verse>
				<verse number="20">Гьес гьезда гьикъана: — Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? — абун. — Мун Аллагьасул МасихІ вуго, — ян жаваб кьуна Пётрица.</verse>
				<verse number="21">Гьес гьезда кьварун лъазабуна лъиданиги гьелъул хІакъалъулъ бицунгейилан.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца бицана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.</verse>
				<verse number="23">Цинги гьес киназдаго абуна: — Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги щибаб къоялъ бачче ва дида хадув вачІа.</verse>
				<verse number="24">Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.</verse>
				<verse number="25">Живго рецІалие кьун яги тІагІун хадуб, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе?</verse>
				<verse number="26">Дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндиргоги, Инсулги, мукъадасал малаикзабазулги нуралъ гвангъун гьев вачІунеб мехалъ.</verse>
				<verse number="27">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи бихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.</verse>
				<verse number="28">Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса.</verse>
				<verse number="29">Гьари-дугІаялда ГІиса вукІаго, гьесул гьурмал куц хисана, ретІелги хъахІлъана, кенчІезе лъугьана.</verse>
				<verse number="30">Гьале кІиго чи ГІисада гаргадула. Гьел рукІана Мусаги Илясги.</verse>
				<verse number="31">ТІад нур чІун букІана ГІисадаги гьездаги. Гьез бицунеб букІана Иерусалималда цІезабизе бугин ГІисал къадаралъул лълъар.</verse>
				<verse number="32">Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун.</verse>
				<verse number="33">Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна: — Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. (Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.)</verse>
				<verse number="34">Гьев кІалъан вахъиналдего, цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел, ва, гьеб накІкІукье ккедал, хІинкъана муридал.</verse>
				<verse number="35">Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: — Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!</verse>
				<verse number="36">Гьеб гьаракь къотІараб мехалъ, ГІиса нахъеги живго хутІун вугоан. Муридаз гьеб балъго гьабуна ва жидедаго бихьаралъул хІакъалъулъ доб мехалъ лъиданиги бицинчІо.</verse>
				<verse number="37">Нахъисеб къоялъ, магІардаса гъоркье рещтІиндал, ГІисада данде гІемераб халкъ бачІана.</verse>
				<verse number="38">Гьале халкъалъул руккелалда гьоркьосан цо чияс ахІана: — Я, МугІалим! Дир цохІо вугев васасухъ валагьеян гьарула дица дуда.</verse>
				<verse number="39">Женалъ ккола гьев ва тохлъукьего чІчІичІчІидизе лъугьуна, цинги, кІалдиб полопги бан, тІеркІезавула. ГІемераб гІазаб-гІакъуба кьун хадув гурони виччан толаро.</verse>
				<verse number="40">Дур муридазда гьарана дица гьеб жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо.</verse>
				<verse number="41">ГІисаца абуна: — ГІай, нуж иман гьечІеб ва пасатаб уммат! КидалъагІан дун нужеда цадахъ вукІинев ва кидалъагІан нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас.</verse>
				<verse number="42">Вачун вачІунаго, жен васасде тІаделъана, тІамун гІодовгун, тІеркІезавуна. Амма ГІисаца гьеб хъубаб жен чІезабуна ва сахлъизавун васги инсухъе кьуна.</verse>
				<verse number="43">Киналго хІикмалъун хутІана, Аллагьасул хІалкІолъи бихьуларищан. Кинабго халкъ ГІисал мугІжизаталъ гІажаиблъизабун бугеб мехалъ, жиндирго муридазда гьес абуна:</verse>
				<verse number="44">— Гьал дир рагІаби гІинзунир лъе нужеца: ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове.</verse>
				<verse number="45">Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна. БичІчІичІого букІинелъун, гьездаса бахчун букІана гьеб. Гьелъул хІакъалъулъ гьикъизеги хІинкъана гьел.</verse>
				<verse number="46">Гьезул дагІба ккана жидеда гъорлъ щивдай бищунго кІудиявлъун вугевилан.</verse>
				<verse number="47">Гьезул рекІелъ бугеб пикруги бичІчІун, кодобе босун, жиндаго аскІоб лъуна ГІисаца цо лъимер.</verse>
				<verse number="48">Гьес гьезда абуна: — Цо гьадинаб лъимер лъицаниги, дие гІоло, къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун лъицаниги къабул гьавуни, гьеб бащалъизе буго дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавиялда. Гьединлъидал нужеда гъорлъги бищунго гьитІинав ккола бищунго кІудиявлъун.</verse>
				<verse number="49">Гьебмехалъ Иоанница абуна: — Я, НасихІатчи! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.</verse>
				<verse number="50">ГІисаца гьесда абуна: — Гьукъуге гьесие гьеб. Нужеда дандечІоларев чи ккола нужер рахъалда вугев чи.</verse>
				<verse number="51">Зобалазде живго вачунеб заман гІагарлъидал, Иерусалималде ине таваккал тІамуна ГІисаца.</verse>
				<verse number="52">Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун.</verse>
				<verse number="53">Амма гьениб ГІисае гьоболлъи гьабичІо, гьев Иерусалималде унев вукІин лъан.</verse>
				<verse number="54">Гьебмехалъ гьесул муридал Якъубица ва Иоанница абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьилаанищ зодисан цІадул балагь рещтІун гьал хвезареян нилъеца абизе.</verse>
				<verse number="55">Гьелъие изну гьечІилан абуна ГІисаца, гьездехунги вуссун.</verse>
				<verse number="56">Цинги гьел цоги росулъе ана.</verse>
				<verse number="57">Нухда унаго цо чияс ГІисада абуна: — Мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги.</verse>
				<verse number="58">ГІисаца гьесда абуна: — Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо, — ян.</verse>
				<verse number="59">Цоги чиясдани ГІисаца абуна: — Дида цадахъ вилълъа, — ян. Амма дос абуна: — Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие.</verse>
				<verse number="60">ГІисаца гьесда абуна: — Хвараца рукъизе те хварал чагІи. Мунин абуни Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабизе а.</verse>
				<verse number="61">Цогиги чиясги гьесда абуна: — Дун дуда цадахъ вилълъина, БетІерчІахъад! Амма агьлу-хъизаналъулгун къолъикІ гьабизе ине изну кье.</verse>
				<verse number="62">ГІисаца гьесда абуна: — Хур бекьизе пурцил гІоркьги ккун, нахъ-нахъ валагьулев чи Аллагьасул ПарччахІлъиялъе ярагьунаро.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги.</verse>
				<verse number="2">Гьес гьезда абуна: — Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян.</verse>
				<verse number="3">Гьанже а! Гьале дица нуж ритІулел руго бацІазда гъорлъе кьагІи гІадин.</verse>
				<verse number="4">Я гІарац лъун таргьа босуге, я къайи лъун къвачІа босуге, я хисун ретІине хьитал росуге, нухда данде ккарасе саламги кьоге.</verse>
				<verse number="5">Лъил бакІалде нуж щваниги, гьезие рекъел гьарун, «Ассаламу гІалайкум (Рекъел нужее)» абун лъугьа гьесул къавулъе.</verse>
				<verse number="6">Саламалъе (ай ракълие) мустахІикъав чи вугони — нужер салам гьесде щвела, гьечІони — гьеб нужедего тІадбуссина.</verse>
				<verse number="7">Гьеб къавулъ чІа нуж, гьезда цадахъ квана-гьекъон, — хІалтІухъанасе мухь хІалалаб букІунелъул. Цо къавулъа цоги къавулъе гочаруге.</verse>
				<verse number="8">[8-9] Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда.</verse>
				<verse number="9"></verse>
				<verse number="10">Ваамма цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаричІони, къотІнореги рахъун, гьадин абе:</verse>
				<verse number="11">«Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи».</verse>
				<verse number="12">Дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ Содомалъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса.</verse>
				<verse number="13">Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Амма Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, ракьалда гІодорги чІун, церего руссинаан гьел Аллагьасде.</verse>
				<verse number="14">Гьединлъидалин Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугеб!</verse>
				<verse number="15">Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун!</verse>
				<verse number="16">Нужехъ гІенеккулел дихъги гІенеккула, нужеде инкар кколез дидеги инкар ккола, диде инкар кколез дун жинца витІарав Аллагьасдеги инкар ккола.</verse>
				<verse number="17">Лъабкъоялда анцІавго мурид рохуца холаго тІадруссун рачІана. — Я, БетІерчІахъад! — ан абуна гьез. — Жундулгицин мутІигІлъула нижее, дур цІар рехсон гьезие амру гьабураб мехалъ.</verse>
				<verse number="18">ГІисаца гьезда абуна: — Дида бихьана илбис пири гІадин зодисан бортун унеб!</verse>
				<verse number="19">Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна.</verse>
				<verse number="20">Амма нуж рохуге хъубал жундул нужее мутІигІлъулел ругилан, нуж роха зобалазда жидер цІарал хъваразда гьоркьор рукІиналдаса.</verse>
				<verse number="21">Илагьияб РухІалъ цІурав ва вохизавурав ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъго гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго дуца загьир гьабуралъухъ. Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!</verse>
				<verse number="22">Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо Вас щивали. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен щивали.</verse>
				<verse number="23">Муридаздехун вуссун, цохІо гьезда абуна ГІисаца: — Гьардарал гурищха гьаб кинабго бихьулел нужер берал.</verse>
				<verse number="24">Дица нужеда абулеб буго: гІемерал аварагзабазеги парччахІзабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо.</verse>
				<verse number="25">Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна: — Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="26">ГІисаца гьесда абуна: — Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ?</verse>
				<verse number="27">Дос жаваб кьуна: — «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».</verse>
				<verse number="28">ГІисаца гьесда абуна: — Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур.</verse>
				<verse number="29">Живго ритІухъ гьавизелъун, дов чияс гьикъана: — Щивха кколев «дида аскІов вугев»?</verse>
				<verse number="30">Гьанже ГІисаца гьесие, мисал бачун, хабар бицана: — Цо чи унев вукІана Иерусалималдаса Иерихоналде. ТІаде кІанцІун хъачагъаз гьесухъа къайи бахъана, кьабун-вухун, хвалде ккезавун гьевги тун, нахъе ана.</verse>
				<verse number="31">Гьале цо кашиш ккана досда тІаде, амма гьев нухлул добцояб рахъалдехун лъугьана.</verse>
				<verse number="32">Гьединго цо левитги ккана досда тІаде, гьевги лъугьана нухлул добцояб рахъалде.</verse>
				<verse number="33">Сапаралда вукІарав цо самариявги ккана досда тІаде. Дов вихьаравго, гурхІизе бачІун,</verse>
				<verse number="34">аскІове ун, чогъроца чурун ва нах бахун, досул ругънал къачІана гьес, жиндирго гІорцІмидаги рекІинавун, петералде вачун, досие хъулухъги гьабуна.</verse>
				<verse number="35">Нахъисеб къоялъ, петералъул бетІергьанасе кІиго динарги кьун, самарияс абуна: «Дуца тІалаб гьабе досул. Гьалдаса цІикІкІун дуца хвезабизе ккани, тІадвуссун вачІунаго гьебги бецІила дица дуе».</verse>
				<verse number="36">Хъачагъаз зулму гьабурасда «аскІов вугевлъун» щив рикІкІинев гьел лъабаздаго гьоркьоса?</verse>
				<verse number="37">— Досда гурхІун кумек гьабуравха, — ян жаваб кьуна динияв гІалимчияс. ГІисаца гьесда абуна: — Инеги ун, дуцаги гьедин гьабе, — ян.</verse>
				<verse number="38">Гьедин ГІисаги муридалги сапаралда рукІаго, гьев цо росулъе щвана. Марта абулей цо гІаданалъ ГІиса гьоболлъухъ вачана.</verse>
				<verse number="39">Гьелъул йикІана Марям абун яцги. ТІадегІанав ГІисал хІатІаахада гІодойги чІун, гьесул харбихъ гІенеккун йикІана гьей.</verse>
				<verse number="40">Мартайилан абуни, гьебмехалъ гьезие кІудияб гьоболлъи гьабизе квалквадилей йикІана. ГІисада аскІое ячІун, гьелъ абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дуе агъазго гьечІо яцалъ дун гьаний квалквадизе тун йикІиналъул. Дие кумек гьабизе яхъаян абе гьелда.</verse>
				<verse number="41">ТІадегІанав ГІисаца, гьелъие жаваб кьун, абуна: — Марта! Марта! Мун гІемераб жоялда квер чІвазе лъугьун йиго,</verse>
				<verse number="42">амма цо жо кквезе ккола чияс. Гьале Марямица лъикІаб бутІа тІаса бищана, лъиданиги кІвеларо гьелъухъа гьеб бахъизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Цо пуланаб бакІалда Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІана ГІиса. Гьесул гьари-дугІа лъугІарабго, цо муридас ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! ЯхІяца жиндирго муридазда малъараб гІадин, нижедаги малъе Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе.</verse>
				<verse number="2">Гьес гьезда абуна: — Нужеца дугІа гьабулаго гьадин абе: Я, Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги,</verse>
				<verse number="3">щибаб къоялъ нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее,</verse>
				<verse number="4">нижер мунагьазда тІасаги лъугьа, гІадамаз нижее гьабуралда нижги тІасалъугьунел ругин. Нижер хІалбихьизеги биччаге.</verse>
				<verse number="5">Цинги гьес бицана: — Масала, нужер цоясул вуго гьудул, сордо бащалъараб мехалъ гьесул нуцІихъе ун дуца абулеб буго: «Я, дир гьудул, къаси дие цо лъабго чед кьеларищ дуца?</verse>
				<verse number="6">Сапаралда вугев цо гьудул гьоболлъухъ вачІун вуго дихъе, гьесда цебе лъезе квен гьечІого вуго дун», — абун.</verse>
				<verse number="7">Унго, дос жанисан гьадинаб жаваб кьеладай дуе: «Дир рахІат хвезабуге. НуцІаги рахан буго, лъималги руго дида аскІор бусада кьижун. ТІаде вахъун дуе чед кьезе кІоларо дида».</verse>
				<verse number="8">Амма дица абила гьадин: гьудуллъиялъул къимат гьабун кьечІониги, дур тІасавичІунгутІиялдаса ворчІичІого, гьайгьай, тІаде вахъун дос дуе кьела къваригІарабгІанаб чед.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: гьаре нужеца — нужее кьечІого толаро; балагье нужеца — батичІого хутІуларо; нужеца нуцІа бухе — гьеб рагьичІого толаро.</verse>
				<verse number="10">Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула.</verse>
				<verse number="11">Нужеда гъорлъ вугищ цониги эмен, васас ччугІа гьарараб мехалъ, гьесухъе борохь кьолев?</verse>
				<verse number="12">Яги, хоно гьарани, гьесухъе ичІкІал кьолев?</verse>
				<verse number="13">Нужго квешал ругониги, лъималазе нужеца лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе кигІан цІикІкІун рещтІинабилеб зобалазда вугев Инсуца Илагьияб РухІ.</verse>
				<verse number="14">Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана.</verse>
				<verse number="15">Цо-цо гІадамаз абулеб букІана гьес инсанасул чорхолъа жундул рачахъулел ругин жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун.</verse>
				<verse number="16">Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.</verse>
				<verse number="17">Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: — Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани — гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани — гьеб хъизанги биххула.</verse>
				<verse number="18">Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьелъул ханлъи биххичІого хутІилищ? Нужецани абулеб буго Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулин дица гьел.</verse>
				<verse number="19">Дица гьел Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури.</verse>
				<verse number="20">Амма дица жундул Аллагьасул кумекалдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан.</verse>
				<verse number="21">Кодоб ярагъгун цо къуватав-кутакав чияс жиндирго рукъ цІунулеб бугони, гьесул боцІи-рикъзиялъе хІинкъи букІунаро.</verse>
				<verse number="22">Амма гьесдасаги къуватав тІаде кІанцІани, гьев къезавила, гьесул ракІчІей букІараб ярагъги кодоса босила, гьесухъа бахъун давлаги жидеразего бикьила.</verse>
				<verse number="23">Дунгун цадахъ гьечІев чи — гьев вуго дида дандечІарав чи. Диргун жубай гьечІев чияс журай биххизабила.</verse>
				<verse number="24">Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», — ян.</verse>
				<verse number="25">ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан.</verse>
				<verse number="26">Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола.</verse>
				<verse number="27">ГІисаца гьедин абидал, цо чІужугІаданалъ ахІана халкъалъул руккалида гьоркьосан: — Гьардарай гурищха мун гьавурай, дуе керен кьурай дур эбел!</verse>
				<verse number="28">Гьес абуна: — Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал!</verse>
				<verse number="29">ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: — ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="30">Ниневиялъул халкъалъе гІаламатлъун Юнус авараг лъугьарав гІадин, ГІадамил Лъимерги гІаламатлъун лъугьина гьаб умматалъе.</verse>
				<verse number="31">Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса.</verse>
				<verse number="32">Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса.</verse>
				<verse number="33">Лъицаниги лъеларо рекІараб чирахъ бихьулареб бакІалда яги сахІида гъоркь. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб.</verse>
				<verse number="34">Дур бер — гьеб буго дур черхалъул чирахъ. Берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъула. Берал канлъукъал ругони, дур черхги бецІлъула.</verse>
				<verse number="35">Ворегиха, дулъ бугеб канлъи бецІлъиялде сверизе гурин.</verse>
				<verse number="36">Гьедин, мун канлъул цІун вугони, щибниги бецІлъиги дулъ гьечІони, мун тІуванго гвангъила, чирахъул канлъиялъ мун кенчІезавун вугев гІадин.</verse>
				<verse number="37">ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса.</verse>
				<verse number="38">Кваназе лъугьиналде гьес кверал чуричІелъул, фарисеяв хІикмалъун хутІана.</verse>
				<verse number="39">ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго.</verse>
				<verse number="40">ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб?</verse>
				<verse number="41">Амма жаниб бугебаб садакъаде кьуни, гьебмехалъ хІакъикъаталда тІасаги рацІцІалъила нуж.</verse>
				<verse number="42">Балагьги гІазабги нужее, фарисеял. Нужеца садакъаде кьола хІатта сагІаналъул, гъараналъул ва цогидабги гІурччинлъиялъул анцІил бутІа, ритІухълъиялъулги Аллагьасде рокьиялъулги нужеца тІалабго гьабуларо. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги гьабичІого тезе бегьуларо.</verse>
				<verse number="43">Балагьги гІазабги нужее, фарисеял! Нужее бокьула синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва базаркъотІноб халкъалъ салам кьезе.</verse>
				<verse number="44">Балагьги гІазабги нужее! Нуж релълъуна тІасан хьвадулесда хІатІикь букІин лъалареб, зани чІвачІеб хобалда.</verse>
				<verse number="45">Гьебмехалъ цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: — Я, МугІалим! Гьединал рагІабиги абун, дуца нижги инжит гьарулел ругогури.</verse>
				<verse number="46">ГІисаца абуна: — Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо.</verse>
				<verse number="47">Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца.</verse>
				<verse number="48">Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго.</verse>
				<verse number="49">Гьединлъидал Аллагьасул ГІакъиллъиялъ абун буго: «Аварагзабиги чапарзабиги ритІизе руго дица гІадамазухъе, гьезин абуни цоял чІвазе руго, цогидал рачахъизе руго.</verse>
				<verse number="50">[50-51] Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ.</verse>
				<verse number="51"></verse>
				<verse number="52">Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби! Щайгурелъул нужеца гІелмуялъул кІул босана, амма кІулал ричІун нужгоги инчІо жанире, ине бокьаралги риччачІо.</verse>
				<verse number="53">[53-54] ГІиса гьениса нахъе аралдасаго, батІи-батІиял суалал кьун, гьесухъа рагІи бахъизе чанкъан чІун, тІаделъизе байбихьана диниял гІалимзабазги фарисеязги, гьесул кІал таризабизе кІоларищали.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: — Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго.</verse>
				<verse number="2">Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб.</verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб.</verse>
				<verse number="4">Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге.</verse>
				<verse number="5">Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда.</verse>
				<verse number="6">КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда.</verse>
				<verse number="7">Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж.</verse>
				<verse number="8">Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха.</verse>
				<verse number="9">ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила.</verse>
				<verse number="10">ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="11">Синагогаялъуреги рачун, чІухІбуздаги чІахІиял хІакимзабаздаги цере нуж рахъун чІезарураб мехалъ, гьезда щибдай бицинаян, щиб жавабдай кьела гьезул суалазеян ургъел ккоге нужее;</verse>
				<verse number="12">гьеб лахІзаталда Илагьияб РухІалъ малъилелъулха нужеца щиб бицине кколебали.</verse>
				<verse number="13">ГІадамазда гьоркьосан вахъун, цо чияс абуна ГІисада: — Я, МугІалим! Инсул ирсалъул дие кколеб бутІа кьеян абе дир вацасда.</verse>
				<verse number="14">ГІисаца гьесда абуна: — Ле, нужее суд гьабизе ва нужер ирс бикьизе тІамурав чийищ дун?</verse>
				<verse number="15">Цинги халкъалдехун абуна: — Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру.</verse>
				<verse number="16">Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана: — Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен.</verse>
				<verse number="17">Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир».</verse>
				<verse number="18">Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила.</verse>
				<verse number="19">Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“»</verse>
				<verse number="20">Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?»</verse>
				<verse number="21">Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна.</verse>
				<verse number="22">Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге.</verse>
				<verse number="23">Квандаса цебесеб буго рухІ, ратІлидаса цебесеб буго черхги.</verse>
				<verse number="24">Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж.</verse>
				<verse number="25">Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе.</verse>
				<verse number="26">Гьеб гьитІихІинабгицин гьабун бажаруларел нуж кІудияб гьабизеян щай лъугьунел?</verse>
				<verse number="27">ТІугьдузухъ ралагье нуж. Я хурир хІалтІуларо гьел, я кун дургъуларо гьез. Амма гьале дица нужеда абулеб: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдагицин Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел.</verse>
				<verse number="28">Я, ле — божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!</verse>
				<verse number="29">Гьединлъидал щибдай кваналаян, щибдай гьекъелаян нужеего гІакъуба кьоге,</verse>
				<verse number="30">гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъалареб халкъалъги тІалаб гьабулеб жо. Нужер Инсуда лъала нужее гьеб хІажалъулеблъи.</verse>
				<verse number="31">Нужеца гІамал гьабе Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, цогидаб хутІарабщинаб гьес нужее тІадеги кьела.</verse>
				<verse number="32">ХІинкъуге, гьитІинаб рехъен! ЦІоб лъун, нужер Инсуца нужее ПарччахІлъи кьезе бугебин.</verse>
				<verse number="33">Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро.</verse>
				<verse number="34">Нужер хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул нужер ракІги.</verse>
				<verse number="35">Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те.</verse>
				<verse number="36">Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж.</verse>
				<verse number="37">Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго.</verse>
				<verse number="38">Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал.</verse>
				<verse number="39">Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, гьес цІогьор жаниве ворчІизе виччаларевлъи лъай нужеда.</verse>
				<verse number="40">Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.</verse>
				<verse number="41">Гьебмехалъ Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад! Нижеейищ дуца гьеб мисал бачунеб бугеб, яги кинабго халкъалъейищ?</verse>
				<verse number="42">ТІадегІанав ГІисаца абуна: — РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател,</verse>
				<verse number="43">гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев ватани, — гьардарав гурищ гьединав рагьтІател.</verse>
				<verse number="44">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат.</verse>
				<verse number="45">Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб?</verse>
				<verse number="46">Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател, — иман гьечІесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш.</verse>
				<verse number="47">БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела.</verse>
				<verse number="48">БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела.</verse>
				<verse number="49">Ракьалде цІа рещтІинабизе вачІун вуго дун, гьанжего гьеб цІа рекІун бугебани кигІанха дие бокьилеб букІараб!</verse>
				<verse number="50">Дица гІор бахине ккола. КигІан кІудияб ургъелха дида чІван бугеб, кидадай гьеб тІубалаян.</verse>
				<verse number="51">Ракьалде рекъелги босун дун вачІаравиланищ нужеда кколеб бугеб? Гурилан абулеб буго дица, рикьи ккезабизе вачІун вуго дун.</verse>
				<verse number="52">Гьанжеялдаса нахъе, цо хъизаналда щуго чи вугони, гьезул рикьи кьела: лъабгояв кІигоясда данде вукІина, кІигояв лъабгоясда данде вукІина.</verse>
				<verse number="53">Гьединабго рикьи ккун, эмен васасда дандечІела, вас инсуда дандечІела; эбел ясалда дандечІела, яс эбелалда дандечІела; якьад нусалда дандечІела, нус якьадалда дандечІела.</verse>
				<verse number="54">ГІисаца халкъалде хитІаб гьабун абуна: — БакътІерхьудасан накІкІул парча баккани, цІцІадае бугилан абула нужеца. Гьеб къоялъ цІцІадги бала.</verse>
				<verse number="55">Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо.</verse>
				<verse number="56">Ле, гьересишайихзаби, зоб-ракьалъул хиса-басиялда хадур гІунтІула нуж, амма гьанже кинаб заман бугебали щайха нужеда лъалареб?</verse>
				<verse number="57">Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе?</verse>
				<verse number="58">Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила.</verse>
				<verse number="59">Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Гьебмехалъ ГІисахъе рачІун, цо чагІаз бицана гьесда, Пилатица Галилеялъул гІадамалги чІванин ва Мукъадасаб Рокъоб гьез къурбаналъе хъураб боцІул биялда гъорлъе гьезул биги жубазабунилан.</verse>
				<verse number="2">ГІисаца гьезда абуна: — Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?</verse>
				<verse number="3">РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: амма тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина.</verse>
				<verse number="4">Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?</verse>
				<verse number="5">РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина.</verse>
				<verse number="6">Цинги ГІисаца гьезие хабар бицана. Цо чияс ахикь инжиралъул гъветІ чІун букІун буго. ВачІун хал гьабидал гьелда тІад пихъ бижун батун гьечІо.</verse>
				<verse number="7">Гьес ахихъанасда абун буго: «Гьале лъабабго соналъ вачІунев вуго дун гьаб гъотІохъе. Цониги инжир бижун батичІо гьалда тІад. КъотІун рехе гьаб, ракь гІадада хвезе течІого».</verse>
				<verse number="8">Ахихъанас абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Цо исаналъиялъги жибго те гьеб. Дица гьелъул рохтиялъукь ракьги гьогь гьабила, ракги бала.</verse>
				<verse number="9">ТІадеялъул бижизе бегьула гьелда тІад пихъ. Нагагь бижичІони, къотІун рехила».</verse>
				<verse number="10">Цо шамат къоялъ синагогаялъув вагІза-насихІат гьабулев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="11">КІичІван гьодилъа къуларай цо чІужугІаданги йикІана, тІаде йорхун яхъун чІезего кІоларей. Гьелъул чорхолъ бугеб хъубаб женалъ анцІила микьго соналъ чІезаюн йикІана гьей гьеб гІазабалъукь.</verse>
				<verse number="12">Гьей йихьидал, аскІое ахІун, ГІисаца гьелда абуна: — Йо, чІужугІадан! Мун дурго гІузруялдаса хвасарлъана, — ян.</verse>
				<verse number="13">Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей.</verse>
				<verse number="14">ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: — Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе.</verse>
				<verse number="15">Гьебмехалъ гьесие жавабалъе ТІадегІанав ГІисаца абуна: — Ле, нуж ххвелал гьаризе ругьунлъараб уммат! Нужеда гъорлъ вугевищ русснадаса бичун нужерго оц яги хІама шамат къоялъ гьекъезе бачунарев цониги чи?</verse>
				<verse number="16">Ибрагьимил умматалъул гьай чІужугІадан анцІила микьго соналъ юхьун чІезаюн йикІана илбисалъ. Жакъа шамат къоялъ дица гьей илбисалъул рухьадаса йичизе бегьулей йикІинчІейищ?</verse>
				<verse number="17">ГІисаца гьедин абидал, гІадамазда цере инжитлъана дол гьесда дандечІун рукІарал чагІи. Амма халкъин абуни, гьесул киналго хІикматал ишаздаса бохун букІана.</verse>
				<verse number="18">ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъи сунда релълъунеб ва дица гьеб сунда данде кквезе бегьулеб?</verse>
				<verse number="19">Гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул гьитІинаб мугьалда. Инсанас гьеб хьодул мугь ахикь чІана, гьелдасан кІудияб хъарахъ бижана, гьелъул гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабиги гьаруна.</verse>
				<verse number="20">Нахъеги гьес абуна: — Цоги сунда данде кквелеб дица Аллагьасул ПарччахІлъи?</verse>
				<verse number="21">Гьеб данде кквезе бегьула цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда.</verse>
				<verse number="22">Шагьаразде ва росабалъе щун, халкъалъе вагІзабиги гьарулаго, Иерусалималдехун валагьун унев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="23">Цо чияс гьесда гьикъана: — Я, БетІерчІахъад! Дагьал чагІи гурони хвасарлъунгутІи битІараб жойищ? Гьес гьезда абуна:</verse>
				<verse number="24">— ЧІедераб нуцІихъан жанире лъугьине хІаракат бахъе нужеца. Дица нужеда абулеб буго: гІемераз жигар бахъила гьеб нуцІихъан лъугьине, амма гьезда кІвеларо.</verse>
				<verse number="25">Вахъун рукъалъул бетІергьанас нуцІа рахарабго, къватІирги чІун, гьеб бухизе ва ахІдезе лъугьина нуж: «Я, бетІерчІахъад! Нижее нуцІа ричІе!» — ян. Гьес нужеда абила: «Дида лъаларо нуж киса-щалали».</verse>
				<verse number="26">Гьебмехалъ нуж лъугьина гьесда бичІчІизабизе: «Ниж руго дуда цадахъ квана-гьекъарал чагІи, нижер шагьаралъул къватІазда дуца нижее вагІзабиги гьарун рукІана».</verse>
				<verse number="27">Гьес жаваб кьела нужее: «Дида лъаларо нуж киса-щалали. РикІкІалъе нуж дидаса, ле квешлъи гьабурал киналго гІадамал!»</verse>
				<verse number="28">Аллагьасул ПарччахІлъиялда Ибрагьимги, ИсхІакъги, Якъубги ва цогидал аварагзабиги нужеда рихьараб ва нужги гьениса къватІире рехараб мехалъ, гІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила нуж.</verse>
				<verse number="29">Машрикъалдаса ва магърибалдаса, севералъул ва къилбаялъул рахъалдаса рачІина гІадамал ва Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе гІодор чІела.</verse>
				<verse number="30">Цере рукІаразул цо-цоял нахъе ккела, ва нахъа рукІаразул цо-цоял цере ккела.</verse>
				<verse number="31">Гьеле гьеб заманаялда ГІисахъе цо чанго фарисеяв вачІана, Гьеродие мун чІвазе бокьун бугин, гьаниса вахъун дурго нухда айилан лъазабизе.</verse>
				<verse number="32">ГІисаца гьезда абуна: — Инеги ун гьеб царада абе нужеца, жундуз ккуралги унтаралги жакъаги метерги сахлъизарилин дица, цинги сезе дица дирго хІалтІи лъугІизабилин.</verse>
				<verse number="33">ХІакъикъаталдаги жакъаги, метерги, сезеги дун Иерусалималдехун валагьун инчІого гІоларо. Гьенив гурони авараг чІвазе къотІи гьечІелъул.</verse>
				<verse number="34">Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо.</verse>
				<verse number="35">Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила. Дица нужеда абулеб буго: «БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», — ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Цо пуланаб шамат къоялъ ГІиса фарисеязул цо хІакимасухъе гьоболлъухъ ун вукІана. Гьес щиб гьабулебали хал ккун чІун рукІана гьенир.</verse>
				<verse number="2">Гьесда дандвитІун гІодов чІун вукІана лъадал къвачІа чорхолъ лъугьарав цо чи.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: — Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ?</verse>
				<verse number="4">Гьел руцІцІун чІана. ГІисаца квер хъван сахлъизавуна гьев унтарав чи ва рокъове витІана.</verse>
				<verse number="5">ГІисаца гьезда абуна: — Нужер лъилниги хІама яги оц гъуялъубе бортани, шамат къо бугониги, гьебсагІат къватІибе бахъиларищ нужеца гьеб?</verse>
				<verse number="6">Гьелда дагІба базе кІвечІо лъиданиги.</verse>
				<verse number="7">Кванде ахІарал гьалбал сурпаялда нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе церегІан къалел рихьидал, мисал бачун, бицана ГІисаца:</verse>
				<verse number="8">— Берталъе ахІараб мехалъ, бахІарасда аскІор гІодор чІоге нуж. Щайгурелъул гьенив гІодов чІезе ахІун ватизе бегьула дудасаги гьезие цевесев чи.</verse>
				<verse number="9">Мунги гьевги гьениве ахІарав бертадул бетІерас дуда аскІове вачІун, абила: «Гьав виччай гьенив гІодов чІезе», — ян. Цинги мунги инжитго вахъине ккела бищун нахъегІан бугеб бакІалда гІодов чІезе.</verse>
				<verse number="10">ВачІинахъего мун дова бищунго нахъа гІодов чІани, дуда аскІове вачІун бертадул бетІерас абила: «Гьаниве цевегІан вачІа, гьудул», — абун. Берталъ ругезда гьоркьоб дур къадру-къиматги борхила гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="11">Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо.</verse>
				<verse number="12">Рукъалъул бетІергьанасдаги абуна ГІисаца: — Гьадинаб квана-гьекъей гьабулеб мехалъ, гьез мунги ахІиялде хьул лъун ва гьеб дуе бецІилилан ракІалде ккун, дурго гьудулзабиги, вацалги, гІагарал чагІиги, бечедал мадугьалзабиги ахІуге дуца кванде.</verse>
				<verse number="13">Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал.</verse>
				<verse number="14">Гьардарав гурищ мун, гьезда кІоларелъул гьеб дуе бецІизе. Гьеб дуе бецІила муъминзаби хваралъуса рахъинарулеб къиямасеб къоялъ.</verse>
				<verse number="15">Гьеб рагІидал, гьенир квана-гьекъолел рукІаразул цояс ГІисада абуна: — Гьардарав гурищ Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе вугев чи.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца гьесие бицана: — КІудияб гьоболлъи гьабизе цо сордоялъ гІемерал гІадамал кванде ахІанила цо пуланав чияс.</verse>
				<verse number="17">Квен цебе лъураб мехалъ, гьес жиндирго рагьтІател витІанила гьел гІадамазда кваназе рачІайилан абизе.</verse>
				<verse number="18">Киназго цо чияс гІадин абунила жидее рачІине щолеб гьечІин, тІасалъугьайилан. Цояс абунила, жинца цо хур бичун босун бугин, гьеб бихьизе ине кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан.</verse>
				<verse number="19">Цогидас абунила, жинца анцІго оц босун бугин, рекьарулищали гьел рукьалда разе кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан.</verse>
				<verse number="20">Цогидасги абунила, жинца чІужу ячун йигин, жиндие вачІине щоларилан.</verse>
				<verse number="21">ТІадвуссун вачІун, рагьтІателас бицанила гьеб киналъулго хІакъалъулъ. Гьебмехалъ, дозда ццинги бахъун, рукъалъул бетІергьанас рагьтІателасда абунила: «Векере, шагьаралъул къватІазде ун, гьенив ватанщинав мискинав, гІажизав, бецав, рекъав чиги вачІун вачІа», — ян.</verse>
				<verse number="22">ТІадвуссун вачІун рагьтІателас абунила: «Дур амру тІубазабуна, бетІерчІахъад. Амма тІотІода нахъа жеги бакІ хутІун буго», — ян.</verse>
				<verse number="23">Нахъеги абунила гьес рагьтІателасда: «Дове нухде ун эхеве-эхеде уневщинав чиги вачун вачІа. Дуца гьаб дир рукъ кьабун цІезабе.</verse>
				<verse number="24">Амма лъан букІа дуда: дол дица гьоболлъухъ ахІун рукІаразул цонигияв кваназе гьечІо дир къавулъ».</verse>
				<verse number="25">ГІемерал гІадамал рукІана ГІисада цадахъ унел. Гьездехун вуссун, гьес абуна:</verse>
				<verse number="26">— Жиндирго эбел-инсудехун, лъимал-хъизаналдехун, яцал-вацаздехун, хІатта жиндирго гІумруялдехун рокьукълъи гьечІев чи дида аскІове вачІунев вугони, гьесухъа бажаруларо дир муридлъун вукІине.</verse>
				<verse number="27">Живго тІад вазе хъанчги баччун дида цадахъ вачІунев гьечІони, гьесухъаги бажаруларо дир муридлъун вукІине.</verse>
				<verse number="28">Нужеда гьоркьоса цо лъиениги бокьун бугони си базе, гІодовги чІун цин гьес хІисаб гьабиларищ гьеб бан лъугІизабизе гІураб сурсат бугищ жиндирали.</verse>
				<verse number="29">Гурони — кьучІги лъун, бачІого хутІила гьесул си. Гьебмехалъ гьесда тІад киналго релъанхъила,</verse>
				<verse number="30">си базе байги бихьун, гьеб лъугІизабизе кІвечІин абун.</verse>
				<verse number="31">Яги цогидав пачаясда данде рагъде вахъине къачІарав пачаяс, цин гІодовги чІун, пикру гьабизе ккеларищ къоазарго рагъухъан вугеб тушманасул бода данде анцІазарго чи вугеб жиндир бо багъун бажариладаян.</verse>
				<verse number="32">БажарунгутІи лъайдал, дов тушман рикІкІад вукІаго ритІизе ккола гьес рекъел гьарун жиндирго чапарзаби.</verse>
				<verse number="33">Гьедин нужеда гьоркьов вугев щивав чиясги жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичІони, гьесдаги кІоларо дир муридлъун вукІине.</verse>
				<verse number="34">ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб?</verse>
				<verse number="35">Я ракь лъугьунаро гьелъул, я хурибе базе рак лъугьунаро. ГІодобе бала гьеб. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе.</verse>
				<verse number="2">Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан.</verse>
				<verse number="3">Гьебмехалъ ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана:</verse>
				<verse number="4">— Нусго чахъу бугеб рехъалъа цо чахъу камун батани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги букІаралъуб тун, гьеб тІагІараб чахъу батизегІан мегІер-гІалах тируларев чи вугищ нужеда гъорлъ?</verse>
				<verse number="5">Батараб мехалъ вохуца холаго гъежда лъун баччула гьес гьеб рокъобе.</verse>
				<verse number="6">Цинги гьес, гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьезда абула: «Дида цадахъ роха нужги, дирго билараб чахъу батана дида жакъа», — ян.</verse>
				<verse number="7">Дица нужеда абулеб буго: гьединго зобалаздаги Аллагьасде вуссарав цо мунапикъ сабаблъун рохел цІикІкІун букІуна тавбу гьабизе кколарев ункъоялда анцІила ичІго муъминчи сабаблъуналдаса.</verse>
				<verse number="8">Яги жиндирго анцІго диргьамалъул цояб тІагІун бугони, чирахъги бакун, рокъоб киса-кибего гьеб балагьичІого толей чІужугІадан йикІунищ?</verse>
				<verse number="9">Батараб мехалъ, жиндирго гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьелъ абила: «Дида цадахъ роха нужги, дир билараб диргьам батун буго», — ян.</verse>
				<verse number="10">Дица нужеда абулеб буго: гьединго Аллагьасул малаикзабиги рохула Аллагьасде вуссарав цо мунапикъасдаса.</verse>
				<verse number="11">Хадубги ГІисаца бицана: — Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас.</verse>
				<verse number="12">ГьитІинав васас инсуда абун буго дур ирсалъул жиндие кколеб бутІа кьейилан. Инсуца гьебмехалъ кІиявго васасе ирс бикьун буго.</verse>
				<verse number="13">Чанго къоялдасан гьитІинав вас, жиндирго бутІаги босун, вахъун ун вуго рикІкІадаб улкаялде. Дова гьев цІакъ пучго, саяхъго хьвадун вуго, кодоб букІанщинаб гІарацги хвезабун буго.</verse>
				<verse number="14">Гьесухъа кинабго гІарац лъугІараб заманаялда, доб улкаялда кутакаб ракъи тІибитІун буго. Гьав васги кутакалда язихълъун вуго.</verse>
				<verse number="15">Ахирги доб улкаялъул цо чиясда цеве хІалтІизе лъугьун вуго. Досги гьев болъонал хьихьизе гІалахалде витІун вуго.</verse>
				<verse number="16">Болъоназе базе кьураб квен кванангІаги чехь цІезабизе хІаракат бахъулеб букІун буго гьес, амма гьебгицин биччалеб букІун гьечІо.</verse>
				<verse number="17">ГІакълуялде вачІун, гьес пикру гьабун буго: «Дир инсул къавулъги гІемер ругогури хІалтІухъаби? ГІунги тІокІаб чед буго гьезул. Дун гьанив вакъуца холев вуго.</verse>
				<verse number="18">Вахъун дирго инсуда аскІове ина ва гьесда абила: „Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, дир эмен.</verse>
				<verse number="19">ТІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, дур хІалтІухъанлъун восе“».</verse>
				<verse number="20">Вахъун ун вуго гьев жиндирго инсухъе. РикІкІадасанго вихьун вуго инсуда гьев вачІунев, гьесда гурхІун вуго эмен. Векерун данде ун, горбода къвал бан, къочарун вуго.</verse>
				<verse number="21">Васас гьесда абун буго: — Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, тІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун.</verse>
				<verse number="22">Инсуцайин абуни, жиндирго рагьтІателазда абун буго: — Бищунго лъикІаб ретІел босун рачІа хехго ва гьасда тІад ретІе, гьасул килщида баргъичги ххе, хІатІазда хьиталги ретІе.</verse>
				<verse number="23">МачІадалъе хьихьараб бечеги хъве: рохалил тІутІ лъезе бокьун бугин.</verse>
				<verse number="24">Щайгурелъул гьав дир вас хун вукІана, гьанже чІаголъун вуго, гьав вилун-тІагІун вукІана, гьанже ватун вуго. Кутакаб рохел-ихтилат гьабизе байбихьун буго гьез.</verse>
				<verse number="25">Гьев чиясул кІудияв вас хурив вукІун вуго гьебмехалъ. Рокъове вачІунаго, гьесда рагІун руго кочІолги кьурдулги бакънал.</verse>
				<verse number="26">АскІове ахІун цо рагьтІателасда гьикъун буго гьес гьалъул магІна щибилан.</verse>
				<verse number="27">Дур вац вачІун вугин, гьев сах-саламат ватиялдаса вохун, дур инсуца мачІадалъе хьихьараб бечеги хъвезабунин бицун буго.</verse>
				<verse number="28">Гьесул ццин бахъун буго, рокъове жаниве лъугьине къабуллъуларого вукІун вуго. КъватІиве вачІун, гьесие лъикІаб бицине лъугьун вуго эмен.</verse>
				<verse number="29">Инсуе жавабалъе гьес абун буго: — Гьалщинал соназ гьале дуе лагълъи гьабулев вуго дун, дуца хъвараб хІуччдаса таричІого. Дуца дие цо бурутІцин кьечІо, ахІун гьудулзабигун квана-гьекъей гьабизе.</verse>
				<verse number="30">Амма дур букІараб бечелъиги хъахІбабазда цадахъ квана-гьекъон лъугІизабун вачІарав гьав дур васасе дуца мачІадалъе хьихьараб бече хъвезабун буго.</verse>
				<verse number="31">Инсуца гьесда абун буго: — Я, дир вас! Мун кидаго дида цадахъ вуго, кинабго дир бугебщинабги дур буго.</verse>
				<verse number="32">Амма нилъеца рохалил бертин-той гьабизе ккола, гьав дур вац хун вукІун, гьанже чІаголъун вугелъул, вилун-тІагІун вукІун, гьанже ватун вугелъул.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Жиндирго муридазда ГІисаца бицана: — Цо бечедав чиясул вукІун вуго гьесул мал-мулкалъул тІалаб гьабун тарав хъулухъчи.</verse>
				<verse number="2">Жиндир мал-мулк чІунтизабулеб бугин гьесилан рагІидал, аскІове ахІун, гьесда абун буго: «Гьаб лъикІаб гуреб хабар щиб дур хІакъалъулъ дида рагІулеб бугеб? Гьанже дуца хъван кье дихъе тІаде бачІаралъулги харж гьабуралъулги сияхІ. ТІокІалъ дица мун гьеб хъулухъалда толаро», — ян.</verse>
				<verse number="3">Гьебмехалъ хъулухъчияс жинцаго жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила? Гьанже дун гьас хъулухъалдаса вахъулев вуго. Хур гьанкІизе дида кІоларо, гьардухъ ине дун намуслъула.</verse>
				<verse number="4">Гьа, дида лъала щиб гьабилебали. Гьес хъулухъалдаса вахъараб мехалъ цогидаз дун жидерго къавулъе вачунеб куц гьабила дица».</verse>
				<verse number="5">Гьес жиндирго хважаинасул налъулал батІа-батІаго ахІун руго жиндихъего. ТІоцеве ахІарасда гьикъун буго дир хважаинасе дуца кигІан кьезе бугебан.</verse>
				<verse number="6">Нусго рагІ зайтуналъул нахул кьезе бугилан гьес абидал, бахъун нахъе кьун буго налъи тІад хъвараб кагъат: «Хехго гІодов чІун цІидасан хъвай кІикъоялда анцІго букІанилан».</verse>
				<verse number="7">Цогидасда гьикъун буго дуца щиб кьезе бугебан. Нусго къали ролъул кьезе бугилан бициндал, гьесдаги абун буго: «Ма гьаб кагъатги нахъе босе, цІидасан хъвай ункъого букІанилан».</verse>
				<verse number="8">Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи кьун, нужеца гьанир гьединал гьудулзаби ричун росе, боцІи-рикъзи гьечІого хутІараб мехалъ, абадияб рокъоре нужго къабул гьаризе.</verse>
				<verse number="10">ГьитІихІинаб божун тезе бегьулев чиясда кІудиялъулги божилъи гьабизе бегьула. ГьитІиналъулъ хІилла-макру гьабурас кІудиялъулъги рекІкІ гьабула.</verse>
				<verse number="11">Дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи божун тезе бегьуларел нужеде абадияб рукъалъул унго-унгояб хазинаялъул божилъи лъица гьабилеб?</verse>
				<verse number="12">Чияр боцІи божун тезе бегьуларел нужехъе, нужерабгоги лъица кьелеб?</verse>
				<verse number="13">Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе. Цояв гьесда рихина, цогидав вокьила. Яги цоясе гьес лагълъи ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе.</verse>
				<verse number="14">БоцІи-рикъзи хириял фарисеял, ГІисахъги гІенеккун, гьесда тІад релъанхъулел рукІана.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамаз нуж вализабилъун рикІкІуна, амма Аллагьасда лъалебха нужер рекІелъ бугеб жо. ГІадамазда цебе жиб тІадегІанаб, Аллагьасда цебе къабихІаб буго.</verse>
				<verse number="16">ЯхІяде щвезегІанги букІана диналъул къанун, рукІана аварагзабиги. Гьев вачІун хадуб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунеб буго. Щивас хІаракат бахъулеб буго хІалица гьенире рорчІизе.</verse>
				<verse number="17">Амма къануналъул цохІо хІарп бортизегІан, зобалги ракьалги тІагІун ина.</verse>
				<verse number="18">ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячаравщинав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. Росасдаса ятІалъарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола.</verse>
				<verse number="19">— Цо бечедав чи вукІун вуго. Гьес ретІунеб букІун буго дарай-зарбал. Щибаб къоялъ гьес гІуцІулеб букІун буго бечедаб квана-гьекъей.</verse>
				<verse number="20">ТІолабго черхалде чанхъ барав цо Лазар абун гьардухъанги вукІун вуго гьесул кавудул кІалтІа чІарав.</verse>
				<verse number="21">Бечедав чиясул сурпаялдаса хутІа-кІучараб квен-тІехгІаги щвелародайилан чІун вукІун вуго гьев гьенив. ТІадежоялъеги рекерун рачІун гьабзаз гьесул чанхъаз цІураб черхалда тІад мацІ бахъулеб букІун буго.</verse>
				<verse number="22">Гьале, хвана гьев пакъир, малаикзабаз гьев Ибрагьим аварагасда аскІове восун ана. Хвана дов бечедав чиги. Гьев хабалъ вукъана.</verse>
				<verse number="23">Гьале жужахІалъув квешаб гІазабалъулъ вугев гьев бечедав чиясда, берал рорхун валагьидал, рикІкІадасан вихьана Ибрагьим аварагги гьесда аскІов дов Лазарги.</verse>
				<verse number="24">Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар».</verse>
				<verse number="25">Ибрагьимица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца ракІалде щвезабе: дуниялалъул рокъоб дуе кинабго лъикІабщинаб щвана, Лазариейин абуни гьениб кинабго квешабщинаб щвана. Гьанже гьанив Лазар хІалхьун вуго, мун гІазабалъулъ вуго.</verse>
				<verse number="26">Гьав духъе кин витІилев, нилъеда гьоркьоб кІудияб кІкІал лъугьун бугелъул. Гьединлъидал гьаниса гьенирехун рачІине бокьаразе нух гьечІо ва гьениса гьанирехун рачІинеги бажаруларо».</verse>
				<verse number="27">Нахъеги дов чияс гьарун буго: «Гьедин батани, дир эмен, дуца Лазар витІе дир инсул рокъове.</verse>
				<verse number="28">Дова дир щуго вац вуго. Дозда цІодорго рукІаян абизе витІе. Гурони — гьелги рачІина гьаб гІазабалъул рокъоре».</verse>
				<verse number="29">Ибрагьимица абун буго: «Дозие Мусаги цогидал аварагзабиги руго. Гьезухъ гІенеккеян абе».</verse>
				<verse number="30">Дов бечедав чияс абун буго: «Я, дир эмен Ибрагьим, гІенеккуларо гьел! Амма цогІаги хварав чи дуниялалде тІадвуссун вачІани — кантІила, Аллагьасде руссина».</verse>
				<verse number="31">Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго гьесда: «Мусахъги цогидал аварагзабазухъги гІенеккуларел чагІи хваралъуса вахъун вачІарав чиясдаги божиларо», — ян.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="17">
				<verse number="1">Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Инсан мунагьалъукье ккезавулеб жо дуниялалда лъугьинчІого букІунаро, амма кІудияб балагьги гІазабги — гьеб босун вачІарав чиясе.</verse>
				<verse number="2">Дида божулезда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІазегІан, гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехани.</verse>
				<verse number="3">Ворегиха, нуж гьелдаса цІуне. Вацас дуе квешлъи гьабуни, гьесие бадибчІвай гьабе. Гьев рекІекълъани, тІасалъугьун те.</verse>
				<verse number="4">Къода жаниб анкьго нухалъ гьес дуе квешлъи гьабуниги, анкьабго нухалъ духъе вачІун, гьес жив рекІекълъанилан абуни, — тІасалъугьа гьесдаса.</verse>
				<verse number="5">Гьебмехалъ чапарзабаз ТІадегІанав ГІисада абуна: — Нижер рекІелъ божи цІикІкІинабе, — ян.</verse>
				<verse number="6">ТІадегІанав ГІисаца абуна: — Горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божигун нужеца гьаб инжиралъул гъотІода абуни, кьолболъа бахъун ун доба ралъдал бакьулъ чІаян, нужер амру гьелъ тІубазабилаан.</verse>
				<verse number="7">Нужер цонигиясул цо лагъ вугилан те. Гьев векьарун свакан хуриса яги рохьдодаса вачІун вугони, хехго кваназе гІодов чІаян абулищ гьесда?</verse>
				<verse number="8">Гьелъул гІаксалда, гьесда абуларищ хехго квен гьабеян ва дун квана-гьекъон вахъинегІан дие хъулухъалъе чІаян, цинги мунгоги квана-гьекъеян?</verse>
				<verse number="9">Гьеб амру тІубазабуралъухъ лагъасе баркала кьолебищ?</verse>
				<verse number="10">Гьедин гьабула нужецаги: нужее амру гьабурабщинаб тІубазабун хадуб, нужеца абула ниж ругин пайда гьечІел лагъзал, нижеда абураб гурони гьабичІин нижецаян.</verse>
				<verse number="11">Иерусалималдехун валагьун Самариялъулги Галилеялъулги гІорхъудасан унев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="12">Цо росулъе щолаго, гьесда дандеккана барасалъ унтарав анцІго чи. РикІкІадегІан чІун,</verse>
				<verse number="13">гьез ахІулеб букІана: — Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! — ян.</verse>
				<verse number="14">Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна: — Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе. Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана.</verse>
				<verse number="15">Живго сахлъун вукІин бихьун, гьезул цояв, ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабулаго, тІадвуссун вачІана.</verse>
				<verse number="16">Цинги, ГІисал хІатІазда цеве накалдаги чІун, гьесие баркала кьуна. Гьевни Самариялдаса чи вукІана.</verse>
				<verse number="17">ГІисаца гьесда абуна: — Нужер анцІавго сахлъичІевищ? Дов ичІавго кивеха арав?</verse>
				<verse number="18">Унго, гьав чияр чиясда гурони, дир ракьалдаса цониги чиясда ракІалде ккечІебищха Аллагьасе рецц гьабизе?</verse>
				<verse number="19">Цинги гьесда абуна: — Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун.</verse>
				<verse number="20">Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугебилан фарисеяз гьикъидал, ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="21">— Аллагьасул ПарччахІлъи гІадамазда бихьичІого бачІина. Лъицаниги абиларо гьеб гьале гьаниб бугилан, яги доле доба бугилан. Гьале гьаниб нужелъин бугеб Аллагьасул ПарччахІлъи.</verse>
				<verse number="22">Гьес жиндирго муридазда абуна: — ГІадамил Лъимер нужеда цадахъ вугеб цо къогІаги бихьизе нуж гІащикълъараб заман бачІина. Амма нужеда гьев вихьиларо.</verse>
				<verse number="23">Нужеда абила гьале гьанив вугин, яги дова вугилан. ГІенеккуге гьезухъ, унге гьезда хадур.</verse>
				<verse number="24">Зобалазул цояб рахъалдаса цоги рахъалде паркъун унеб пири гІадин вукІина ГІадамил Лъимер, гьев вачІараб къоялъ.</verse>
				<verse number="25">Амма цин гьес гІемераб гІазаб хІехьезе ккезе буго, ва гьаб умматалъ гьесдаса инкар гьабизе буго.</verse>
				<verse number="26">НухІ аварагасул заманаялъ ккараб гІадаб иш ккезе буго ГІадамил Лъимадул заманаялъги.</verse>
				<verse number="27">Квана-гьекъолел рукІана, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана гІадамал НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. Цинги тІупан тІуна ва тІолабго махлукъат лъадалъ гъанкъана.</verse>
				<verse number="28">Гьебго жо ккана ЛутІ аварагасул заманаялъги. Кваналел, гьекъолел, бичулел, хисулел, хурзал рекьулел, минаби ралел рукІана гІадамал ЛутІ авараг Содом шагьаралдаса къватІиве лъугьинегІан.</verse>
				<verse number="29">Цинги цІадулги чІабтІилги цІад бана зодисан, ва киналго хвана.</verse>
				<verse number="30">Гьедин букІине буго ГІадамил Лъимер загьирлъараб мехалъги.</verse>
				<verse number="31">Гьеб къоялъ тІохда вугев чи жиндирго къайи-къоноялда хадув гъоркье рещтІунгеян абе, хурив вугевги рокъоб хутІаралда хадув тІадвуссунгеян абе.</verse>
				<verse number="32">ЛутІ аварагасул чІужуялъул ккараб иш ракІалда чІезабе.</verse>
				<verse number="33">Жиндирго гІумру цІунизеян лъугьарав чи гьелдаса махІрумлъила; жиндирго гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.</verse>
				<verse number="34">Дица абулеб буго нужеда: гьеб сордоялъ цо боснор регун ругел кІигоязул цояв вачина, цогидав хутІила.</verse>
				<verse number="35">ГІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила.</verse>
				<verse number="36">[36-37] Муридаз ГІисада гьикъана: — Я, БетІерчІахъад! Киб гьеб букІине бугеб? — ан. Гьес жаваб гьабуна: — Жаназа бугеб бакІалде чудкал ракІарула, — ян.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="18">
				<verse number="1">Цинги ГІисаца жиндирго муридазда, мисал бачун, бицана Аллагьасда гьардезе ккеялъул ва хьул къотІизе бегьунгутІиялъул хІакъалъулъ хабар.</verse>
				<verse number="2">— Цо шагьаралда вукІун вуго Аллагьасукьаги хІинкъуларев гІадамазукьаги нечоларев цо къади.</verse>
				<verse number="3">Гьебго шагьаралда йикІун йиго цо къоролайги. Гьей щибаб къойил ячІуней йикІун йиго гьев къадиясухъе цо пуланав жиндир дагІбадуласдаса жий цІунеян.</verse>
				<verse number="4">Амма къади гІемераб мехалъ разилъун гьечІо. Ахирги цо къоялъ гьес пикру гьабун буго: «Я Аллагьасукьа хІинкъуларо дун, я гІадамазукьа нечоларо.</verse>
				<verse number="5">Амма гьадай къоролалъ дие рахІат толеб гьечІелъул, дица гьелъул къваригІел тІубан лъикІ, гурони — гьелъ, нахъаса къотІичІого гьание хьвадун, дир бетІер сверизабила».</verse>
				<verse number="6">Бихьулищ Аллагь рикІкІунарев къадиясулгицин ккараб пикру? — ян абуна ГІисаца гьезда. —</verse>
				<verse number="7">Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев?</verse>
				<verse number="8">Дица нужеда абулеб буго: гьес гьел хеккого цІунила. Амма ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, божи-иман батиладай гьесда гьаб ракьалда?</verse>
				<verse number="9">Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар:</verse>
				<verse number="10">— Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги.</verse>
				<verse number="11">Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул.</verse>
				<verse number="12">Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола».</verse>
				<verse number="13">Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» — абун.</verse>
				<verse number="14">Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо.</verse>
				<verse number="15">ГІисинал лъималги рачун рачІунаан ГІисахъе, гьезда тІад квер бахъеян гьарун. Муридазда гьеб бихьидал, гьез гьел риччалел рукІинчІо.</verse>
				<verse number="16">Амма ГІисаца, лъималги аскІоре ахІун, муридазда абуна: — Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб!</verse>
				<verse number="17">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо.</verse>
				<verse number="18">Цо кІудияв хІакимас ГІисада гьикъана: — Я, лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="19">ГІисаца гьесда абуна: — Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони!</verse>
				<verse number="20">Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «зина гьабуге», «чи чІваге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе».</verse>
				<verse number="21">Гьес ГІисада абуна: — ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца абуна: — Цо жо буго дуе камун. Дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.</verse>
				<verse number="23">Гьеб рагІидал, дов чи цІакъ пашманлъана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи.</verse>
				<verse number="24">Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: — Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъулеб куц!</verse>
				<verse number="25">РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.</verse>
				<verse number="26">Гьесухъ гІенеккун рукІараз гьикъана ГІисада: — Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?</verse>
				<verse number="27">Гьес жаваб кьуна: — Инсанасда кІоларебги Аллагьасда кІола, — ян.</verse>
				<verse number="28">Пётрица абуна: — Гьале нижерго бугебщинабги рехун тун, ниж дуда хадур рилълъана...</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло мина-рукъги, лъимал-хъизанги, вацал-яцалги, эбел-эменги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо,</verse>
				<verse number="30">гьелъухъ гьаб заманаялда гІемерго цІикІкІараб шапакъат щвечІого, ва ахираталъул рокъоб абадияб гІумру насиблъичІого.</verse>
				<verse number="31">Жиндирго анцІила кІиявго муридги аскІове ахІун, ГІисаца абуна: — Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. ГІадамил Лъимадул хІакъалъулъ цебеккунго Аллагьас аварагзабазда лъазабун букІараб хІукму тІубала гьениб.</verse>
				<verse number="32">Гьев цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела, гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила,</verse>
				<verse number="33">вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила.</verse>
				<verse number="34">Амма гьезда щибниги бичІчІичІо. Гьел рагІабазул магІна босизе бажаричІо гьезухъа. Сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали лъачІо гьезда.</verse>
				<verse number="35">Иерихон шагьаралде щолаго, цо бецав чи ватана нухлул ракьанда кІусун гьарделев.</verse>
				<verse number="36">ГІадамазул руккел аскІосан унеб рагІидал, щиб ккарабилан гьикъана гьес.</verse>
				<verse number="37">Гьесда бицана Назареталдаса ГІиса вугин гьанисан вачІунев.</verse>
				<verse number="38">Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана: — Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида!</verse>
				<verse number="39">Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана: — Я, Давудил вас! ГурхІа дида! — ян.</verse>
				<verse number="40">Гьенив лъалхъун, ГІисаца абуна гьев жинда аскІове вачеян.</verse>
				<verse number="41">— Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? — абун гьикъана гьесда ГІисаца. Дос абуна: — Я, БетІерчІахъад! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго!</verse>
				<verse number="42">ГІисаца гьесда абуна: — Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун.</verse>
				<verse number="43">ГьебсагІат канлъи бихьун, ГІисада цадахъ вилълъана гьев, Аллагьасе реццги гьабулаго. Гьеб бихьун, киналго гІадамалги Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="19">
				<verse number="1">Иерихон шагьаралда жанисан унев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="2">Магъало бакІарулел чагІазул бетІерлъун тІамурав Закай абулев цо бечедав чи вукІана.</verse>
				<verse number="3">Гьесул гъира букІана ГІиса кинав чи вугевали лъазе, гьев вихьизе. Амма халкъалъул руккалида гъорлъ ГІиса вихьизе бажарулеб букІинчІо, — къокъав чи вукІана Закай.</verse>
				<verse number="4">ЦевегІанги векерун цо инжиралъул гъотІотІе вахана гьев: гьенисан ине кколаан ГІиса.</verse>
				<verse number="5">Гьеб гъотІокье щведал, ГІиса эхеде валагьана ва Закайида абуна: — Закай, хехго рокъове а: жакъа дун духъ гьоболлъухъ рещтІине ккола.</verse>
				<verse number="6">Хехго гъотІодаса гъоркьеги лъугьун, вохуца холаго къабул гьавуна гьес ГІиса.</verse>
				<verse number="7">Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан.</verse>
				<verse number="8">Вахъун Закайица ТІадегІанав ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьале дирго бечелъиялъул бащдаб дица мискин-пакъирасе садакъаде кьела ва, дица гуккарав чи ватани, гьебги ункъиде бахинабун бецІила.</verse>
				<verse number="9">ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Жакъа гьаб рокъобе хвасарлъи бачІана, гьавги Ибрагьимил вас вугелъул.</verse>
				<verse number="10">Рилун ругелазда хадув, гьел ралагьизейин ва гьел хвасар гьаризегийин, вачІун вугев ГІадамил Лъимер.</verse>
				<verse number="11">Гьес рицунел харбазухъ гІенеккун рукІарал гІадамазе цоги мисал бачана ГІисаца. Гьев Иерусалималде щолев вукІиндал ва гьел Аллагьасул ПарччахІлъи хеккого бачІинилан божун рукІиндал,</verse>
				<verse number="12">гьес бицана: — ЛъикІаб наслу-тухумалъул цо пуланав чи чияр улкаялде ун вуго гьенив ханлъун чІезе, цинги нахъвуссун жиндирго халкъалъулги ханлъун лъугьине.</verse>
				<verse number="13">Жиндирго анцІго рагьтІателги ахІун, щивасухъе цо-цо меседил гъурущ кьун буго, жив тІадвуссинегІан гьеб жиндие пайда-хайиралъе хІалтІизабеянги абун.</verse>
				<verse number="14">Амма жиндирго улкаялъул гІадамазе гьев вокьулев вукІун гьечІо. Гьесда хадурго чапарзаби ритІун руго гьез доб улкаялде, гьев чи жидер ханлъун вукІине жал рази гьечІилан лъазабизе.</verse>
				<verse number="15">Доб улкаялда ханлъиги щун тІадвуссараб мехалъ, гьес амру гьабун буго жинцаго месед кьурал дол рагьтІателал ахІейилан, лъица кигІанасеб пайда-хайир доб меседалдаса жиндие щвезабун бугебали лъазе.</verse>
				<verse number="16">ВачІун цо рагьтІателас абунила: «Я, бетІерчІахъад, дуца кьураб меседалдаса анцІго месед хайирлъана», — ян.</verse>
				<verse number="17">«ГьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе кІудияб ритІухълъи бихьизабуна, дир лъикІав рагьтІател. АнцІго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго дица мун», — ан абун буго ханас гьесда.</verse>
				<verse number="18">ВачІун цогидав рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, доб цо меседалдаса щуго месед хайирлъана», — ян.</verse>
				<verse number="19">Гьесдаги ханас абун буго: «Мунги дица щуго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго», — ян.</verse>
				<verse number="20">ВачІун лъабабилев рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гьале дур месед. КвербацІцІалда гьоркьоб лъун цІунун букІана дица гьаб.</verse>
				<verse number="21">Дуцаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дуцаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи мун вугелъул, хІинкъана дун гьелда хъвазе».</verse>
				<verse number="22">«ГІай, макирав рагьтІател! Гьел дуца абурал рагІаби сабаблъун тамихІ гьабулеб буго дица дуе. Дуда лъалеб букІун бугоха дицаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дицаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи дун вукІин.</verse>
				<verse number="23">Щай дуца дир месед хайиралъе хІалтІизабичІеб, жакъа тІадвуссараб мехалъ хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе?» — ян абун буго ханас гьесда.</verse>
				<verse number="24">АскІор рукІараздаги абун буго ханас, гьесухъаги босун, гъоб месед анцІго месед бугесухъе кьейилан.</verse>
				<verse number="25">Гьез гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гъосухъ гьадинги анцІго месед бугогури», — ян.</verse>
				<verse number="26">«Дица нужеда абулеб буго: кодолъи бугевщинасе кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.</verse>
				<verse number="27">Дун жидер ханлъун ккезе бокьун букІинчІел дол дир тушбабийин абуни, гьанире дида цереги рачун, чІвай!»</verse>
				<verse number="28">Гьеб хабарги бицун, ГІиса Иерусалималдехун валагьун ана.</verse>
				<verse number="29">Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна:</verse>
				<verse number="30">— Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа.</verse>
				<verse number="31">Щай гьеб бачунебан абулев чи ккани, ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин абе.</verse>
				<verse number="32">Гьедин ритІун аразда, ГІисаца абухъе, гьениб батана кІудияб кІерт.</verse>
				<verse number="33">Гьеб рухьадаса бичулеб бихьараб мехалъ, гьелъул бетІергьабаз гьазда гьикъана щай гьеб бичулеб бугебилан.</verse>
				<verse number="34">ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугилан жаваб кьуна гьаз.</verse>
				<verse number="35">КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана жидерго партал ва гьез гьев кІартида рекІинавуна.</verse>
				<verse number="36">Гьев унеб нухда, тІаса бахъун, жидерго ретІел тІибитІулеб букІана гІадамаз.</verse>
				<verse number="37">Зайтуналъул магІардаса гІодоре лъугьунеб бакІалде гІагарлъидал, цадахъ рукІарал тІолалго муридал роха-хинлъун ва ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана, гьес рихьизарурал мугІжизатазухъ.</verse>
				<verse number="38">Гьез турки ахІулеб букІана: — БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги! Зобалазда рекъел букІаги! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="39">Халкъалъул руккалилъ рукІарал цо-цо фарисеяз абуна ГІисада: — Я, НасихІатчи! РуцІцІун чІезаре гьал дурго муридал!</verse>
				<verse number="40">ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дица нужеда абулеб буго: гьел руцІцІун чІани, ганчІал ахІдела.</verse>
				<verse number="41">Иерусалим бихьулеб бакІалде щведал, гІодана ГІиса. Шагьаралъухъ магІу гьабун,</verse>
				<verse number="42">гьес абуна: — Жакъа, гьаб къоялъгІаги, лъалебаниха дуда дур саламалъиялъе щиб къваригІунебали! Гьанжего дур беразда гьеб бихьизе рес гьечІо.</verse>
				<verse number="43">Дуде цо къо бачІина, чІахІиял хъулбиги ран, тушбабаз кисанго мун данде къан сверун ккураб.</verse>
				<verse number="44">Ракь лъугьинабила дур Ва дур гІадамазулги. ГанчІида лъураб гамачІ хутІиларо кибниги. Щайгурелъул Аллагьас Дуй хвасарлъи битІараб Заман дуда лъачІелъул.</verse>
				<verse number="45">Цинги Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, гьенир ричарулел рукІаралги босулел рукІаралги гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="46">Гьес гьезда абуна: — ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ» абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго.</verse>
				<verse number="47">ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан.</verse>
				<verse number="48">Гьезда гьабизе кІолеб жоги букІинчІо, тІолабго халкъ ГІисада сверухъ гъункун, гьесухъ гІенеккун букІиндал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="20">
				<verse number="1">Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулев, Рохалил хабар бицунев ГІиса вугеб мехалъ, гьенире рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби.</verse>
				<verse number="2">Гьез гьесда гьикъана: — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца гьезда абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Бице:</verse>
				<verse number="4">лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ?</verse>
				<verse number="5">Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес абила гури, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.</verse>
				<verse number="6">ГІадамаздасан букІанин абуни, тІолабго халкъалъ ганчІица чІвала нилъ, ЯхІя гьез авараглъун рикІкІунев вугелъул».</verse>
				<verse number="7">Кисан гьеб ихтияр букІарабали жидеда лъаларилан кьуна гьез жаваб.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца гьездаги абуна: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб иш гьабулеб бугебали.</verse>
				<verse number="9">Цинги гьес, халкъалдехун вуссун, мисал бачун, гьадинаб хабар бицине байбихьана: — Цо чияс цІолбол ах гьабун буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев чи къватІиве ун вуго ва гІемераб заманаялъ гьенив чІун вуго.</verse>
				<verse number="10">ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа кьейин абейилан. Доз гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго.</verse>
				<verse number="11">Цоги рагьтІател витІун вуго дос. Вухун-кьабун, инжит гьавун доз гьевги чІового нахъе хъамун вуго.</verse>
				<verse number="12">Лъабабилевги витІун вуго дос. Доз гьев лъукъ-лъукъун къватІиве рехун вуго.</verse>
				<verse number="13">Щибдай дица гьабилебилан ракІалде ккун буго ахил бетІергьанасда. «Дица гьезухъе витІила дирго вокьулев вас. ГьесулгІаги хІурмат гьабилеб батила доз».</verse>
				<verse number="14">Гьев вихьараб мехалъ, дол ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав, рачІа гьав чІвазе, — ирсги нилъеего хутІизе».</verse>
				<verse number="15">Ахикьа къватІивеги рехун, чІван вуго доз гьев вас. Гьанже гьел ижарачагІазе щибдай гьабила ахил бетІергьанас?</verse>
				<verse number="16">ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе кьела. Харбихъ гІенеккараз абуна Аллагьас цІунагийилан.</verse>
				<verse number="17">— Гьедин батани, — ян гьикъана ГІисаца, гьезухъги валагьун, — ТІехьалда хъван бугеб гьадинаб калимаялъул магІна щибали лъалищ нужеда: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго»?</verse>
				<verse number="18">Гьеб ганчІиде вортаравщинавги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.</verse>
				<verse number="19">Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда.</verse>
				<verse number="20">Цинги ГІисада хадуб хал кквезе лъугьана гьел ва жасусал ритІана, жалго рацІцІадал чагІи ругеб ххвел гьабун, ГІисал кІал таризабизе кІоларищали хІалбихьеян. Ккун вачун сардарасда кодове кьун, гьес ГІисае тамихІ гьабизе гІураб гІайиб-хатІа балагьизе бокьун букІиндалха гьезие.</verse>
				<verse number="21">Гьел жасусаз ГІисада гьикъана: — Я, МугІалим! Нижеда лъала дур рагІиги вагІзаги ритІухъаб букІин. Гьурмахъ балагьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо, Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги.</verse>
				<verse number="22">Бице нижеда, къануналда рекъон, къайсарасе магъало кьезе бегьулебищ нижеца яги бегьуларебищ?</verse>
				<verse number="23">Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна: –</verse>
				<verse number="24">Цо динар бихьея дида. Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="25">— Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="26">Гьедин жасусазухъаги бажаричІо гІадамал ругеб бакІалда ГІисахъа рагІи бахъизе. Гьесул жавабалъ хІикмалъизарун, руцІцІун чІана гьел.</verse>
				<verse number="27">Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна:</verse>
				<verse number="28">— Я, МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине.</verse>
				<verse number="29">Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимер гьабилалдего хун вуго кІудияв вац.</verse>
				<verse number="30">Гьесул чІужу ячун йиго хадусев вацас, гьевги хун вуго.</verse>
				<verse number="31">Лъабабилевги хун вуго. Гьедин цо-цоккун хун, анкьавго вацасул рижи лъугьун гьечІо.</verse>
				<verse number="32">Ахиралда хун йиго гьезул йикІарай чІужуги.</verse>
				<verse number="33">ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей? Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="34">— Дуниялалъул рукъалъул бихьиназ лъудбиги рачуна, руччаби россабазеги уна.</verse>
				<verse number="35">Амма къиямасеб къоялъ тІаде рахъун ахираталъул рукъалъе мустахІикълъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо.</verse>
				<verse number="36">ТІокІалъ хвезеги холаро гьел, малаикзабазда бащалъулелъул гьел ва хваралъуса гьес чІаголъизарурал Аллагьасул лъималлъунги кколелъул.</verse>
				<verse number="37">ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъархъилъан жинда рагІанин: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь!» — абун БетІергьанас ахІулеб гьаракьилан бицунеб бакІалда, Мусацаги бихьизабулеб буго хварал чІаголъизе ругилан.</verse>
				<verse number="38">Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго, гьесие киналгоги чІагоял ругелъул.</verse>
				<verse number="39">Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз абуна: — Я, МугІалим! ЦІакъ лъикІ абуна дуца, — ян.</verse>
				<verse number="40">ТІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе.</verse>
				<verse number="41">Гьес гьезда абуна: — Давудил вас вугин МасихІилан щай абулеб?</verse>
				<verse number="42">Туркабазул Хирияб ТІехьалда (Забуралда) Давудица жинцаго абулеб бугогури: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа,</verse>
				<verse number="43">дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“».</verse>
				<verse number="44">Гьедин Давудица жинцаго гьесде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев?</verse>
				<verse number="45">ТІолабго халкъалда рагІиледухъ абуна ГІисаца жиндирго муридазда:</verse>
				<verse number="46">— Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе.</verse>
				<verse number="47">Росал хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзи кванала гьез ва рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="21">
				<verse number="1">Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалде бечедал чагІаз гІемераб гІарац рехулеб бихьана ГІисада.</verse>
				<verse number="2">Бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац гьенибе рехулей цо мискинай къоролайги йихьана гьесда.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьай мискинай къоролалъ киназдасаго цІикІкІун гІарац кьуна садакъаде.</verse>
				<verse number="4">Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни, жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.</verse>
				<verse number="5">Мукъадасаб Рукъалъул хІакъалъулъ цо-цояз абулеб букІана, унго, гьалъул къадазулъ лъун ругел ганчІазул берцинлъи бихьуларищилан, бечедал сайигъатаз гьаб чІухІизабун бугеб куцилан. ГІисаца абуна:</verse>
				<verse number="6">— Гьаб кинабго нужеда бихьулебщинаб, ганчІида лъураб гамачІ хутІичІого, кІалагъоркье чІварал къоял рачІине руго.</verse>
				<verse number="7">— Я, МугІалим! Кида гьеб букІине бугеб? — ан гьикъана гьез гьесда. — Гьеб къо тІаде щвеялъул гІаламат бице нижеда.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца абуна: — Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж.</verse>
				<verse number="9">Рагъ-кьалги тунка-гІусиги гІемерлъун бугилан рагІани, гьелдасаги хІинкъуге нуж. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, амма ахирзаман гьедигІан хехго тІаде щоларо.</verse>
				<verse number="10">Цинги гьес абуна: — Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила.</verse>
				<verse number="11">Кутакалда ракь багъарила, бакІ-бакІалда унта-щокълъи баккила, ракъи тІаде щвела, балагьал рещтІина ва зобалаздасан чІахІиял гІаламатал загьирлъила.</verse>
				<verse number="12">Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ рес ккела нужее, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="14">Кин гьезие жаваб кьелебали цебеккунго ургъел чІвазе кколареблъиялда ракІчІезабе нужеца.</verse>
				<verse number="15">Щаян абуни, нужеда дандечІезе ва данде кІалъазе нужер киналго дагІбадулазухъа бажарулареб пасихІлъиги гІакъиллъиги кьела дица нужее.</verse>
				<verse number="16">Нужее хилиплъила хІатта нужер эбел-эмен ва вацал, нужер гІагарал чагІи ва гьудулзаби. Цо-цоял чІвазеги чІвала нужер.</verse>
				<verse number="17">Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж.</verse>
				<verse number="18">Амма нужер бутІруздаса цо расги бортизе гьечІебха.</verse>
				<verse number="19">Нужерго сабруялдалъун нужерго рухІал хвасар гьаре.</verse>
				<verse number="20">Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин.</verse>
				<verse number="21">Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе.</verse>
				<verse number="22">Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб.</verse>
				<verse number="23">Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде!</verse>
				<verse number="24">Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим.</verse>
				<verse number="25">Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина.</verse>
				<verse number="26">Дуниялалде рещтІине ругел балагьазухъ ралагьун чІеялъги хІинкъиялъги гІадамал гІакълуялдаса ина. Щаян абуни, къвакІарал зобал гьаргьадизе ругелъул.</verse>
				<verse number="27">Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев.</verse>
				<verse number="28">Гьел гІаламатал загьирлъаралго, нуж тІаде рахъа ва бетІер эхеде борхун ралагье — нужее тархъанлъилъидал бачІунеб бугеб.</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: — Инжиралъул гъотІохъ яги цогидал гъутІбузухъ ралагье нуж.</verse>
				<verse number="30">Гьел гъутІби гІурччинлъун рихьараб мехалъ, нужеда лъалагури рии тІаде щолеб букІин.</verse>
				<verse number="31">Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъулеб букІин.</verse>
				<verse number="32">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="33">Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.</verse>
				<verse number="34">Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин.</verse>
				<verse number="35">Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде!</verse>
				<verse number="36">Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа.</verse>
				<verse number="37">Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан.</verse>
				<verse number="38">Щибаб къоялъ радалго бачІунаан Мукъадасаб Рокъобе гьесухъ гІенеккизе халкъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="22">
				<verse number="1">Жинда Пасхаян цІар лъураб РеччичІел Панкъазул Байрам гІагарлъулеб букІана.</verse>
				<verse number="2">ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел.</verse>
				<verse number="3">Дов анцІила кІигоясул цояв, Искариотин тІокІцІар бугев Ягьудал рекІелъе илбис лъугьана.</verse>
				<verse number="4">ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи -къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе.</verse>
				<verse number="5">Гьел рохана ва гьесие гІарац кьезе къотІи гьабуна.</verse>
				<verse number="6">Ягьуда гьелда разилъана. Цинги гьес балагьулеб букІана гІадамал гьечІеб бакІалда ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб заман.</verse>
				<verse number="7">РеччичІел панкъал режулеб ва къурбаналъе пасхаялъул кьегІер хъолеб къо тІаде щвана.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца Пётридаги Иоаннидаги абуна, нилъеего пасхаялъул квен хІадур гьабизе аян.</verse>
				<verse number="9">Киб нижеца гьеб гьабизе дуе бокьун бугебилан гьикъана гьез ГІисада.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца гьезда абуна: — Балагьея, шагьаралде жанире лъугьараб мехалъ, лъадал гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Гьев жаниве лъугьараб рокъоре а нужги гьесда хадур.</verse>
				<verse number="11">Цинги нужеца рукъалъул бетІергьанасда абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ пасхаялъул квание рукъ киб бугебали».</verse>
				<verse number="12">Гьес нужеда бихьизабила цо гІатІидаб къачІараб тІасарукъ. Гьеле гьениб хІадуре нужеца квен.</verse>
				<verse number="13">Шагьаралде щведал, ГІисаца абухъе тІубана гьез иш. Цинги пасхаялъул квенги хІадур гьабуна.</verse>
				<verse number="14">Къаси кванил ригь щвараб мехалъ, вачІун ГІиса кваназе гІодов чІана, гьесда аскІов вукІана анцІила кІиявго чапарги.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьезда абуна: — Дица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелалде гьаб Пасхаялъул квен нужеда цадахъ кваназе цІакъ гІащикълъун вукІана дун.</verse>
				<verse number="16">Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъиялда ахирисеб пасхаялъул байрам тІобитІизегІан тІокІаб кваназе гьечІо дица гьеб.</verse>
				<verse number="17">Цинги гьес, чагъиралъул цІураб щурунги босун, тІаде дугІаги гьабун, абуна: — Ма, нужедаго гьоркьоб бикье гьаб.</verse>
				<verse number="18">Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІинегІан гьанжеялдаса нахъе тІокІаб гьекъезе гьечІо дица гьаб цІолбол цІцІураб жа.</verse>
				<verse number="19">Цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, гьезухъе кьолаго ГІисаца абуна: — Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин.</verse>
				<verse number="20">Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, ГІисаца абуна: — Гьаб буго нужее гІоло тІолеб дир би — ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би.</verse>
				<verse number="21">Амма дида цадахъ гьаб кванде квер бегьана дие хилиплъизе вугев чиясги.</verse>
				<verse number="22">Гьедин ГІадамил Лъимер жиндирго къадаралде щвела, амма гьесие хилиплъарасдеги балагь бачІина.</verse>
				<verse number="23">Гьел цоцаздехун гаргадизе лъугьана: щивдай гьевилан, лъицадай гьеб гьабизехъин бугебилан.</verse>
				<verse number="24">Цоги гьезда гьоркьоб дагІба-къец ккана жидеда гьоркьов бищунго кІудиявлъун щивдай кколаян.</verse>
				<verse number="25">ГІисаца гьезда абуна: — ПарччахІзабаз халкъазе ханлъи гьабула, гІадамазги гьел кверщелчагІи рикІкІуна лъикІлъи гьабулел чагІилъун.</verse>
				<verse number="26">Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо: нужер бищунго кІудияв чІа бищунго гьитІинав вугев гІадин, кверщел бугевги чІа цогидазе хъулухъалъе.</verse>
				<verse number="27">Щив кІудиявлъун рикІкІунев: кваналев вугев чийищ яги кваналезе хъулухъалъе чІарав чийищ? Кваналев вугев чи гурищ? Гьале дун гьанив нужее хъулухъалъе чІун вуго.</verse>
				<verse number="28">Нужни дида цадахъ къо хІехьарал чагІи руго.</verse>
				<verse number="29">Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго.</verse>
				<verse number="30">Дир ПарччахІлъиялда нужги дида цадахъ квана-гьекъолел рукІине руго ва Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе тахазда тІад гІодорги чІезе руго.</verse>
				<verse number="31">Симон! Симон! Ворегиха! Илбисалъ гьарана нуж цІалкІизе риччайилан, цІалкІица кколелги кколарелги ролъул мугьал ратІа гьарулеб гІадин.</verse>
				<verse number="32">Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе.</verse>
				<verse number="33">Пётрица гьесда абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дуда цадахъ туснахъалде инеги хвезеги хІадурав вуго дун.</verse>
				<verse number="34">Амма ГІисаца гьесда абуна: — Дица дуда абулеб буго, Пётр: радакье хІелеко бахъиналде дуца лъабцІулго абила дун дуда лъаларилан.</verse>
				<verse number="35">ГІисаца гьезда абуна: — Я гІарац лъун таргьа босичІого, я къайи лъун къвачІа босичІого, я хисун ретІине хьитал росичІого дица нуж ритІараб мехалъ, сундулниги къварилъи букІанищ нужее? БукІинчІилан жаваб кьуна гьез.</verse>
				<verse number="36">Гьес гьезда абуна: — Гьанже гІарцул таргьа бугес гьебги цадахъ босе, гьединго къвачІаги босе. Хвалчен гьечІес, чухъа-гужгатги бичун, гьеб босизе санагІат гьабе.</verse>
				<verse number="37">Дица нужеда абулеб буго: «Гьев такъсирчилъун рикІкІина», — ян Илагьиял ТІухьдузда дир хІакъалъулъ хъван букІарабги тІубазе буго, дир рахъалъ букІараб кинабго гьанже тІубазехъин бугелъул.</verse>
				<verse number="38">— Я, БетІерчІахъад! Гьале, кІиго хвалчен буго гьаниб, — ан абуна гьез. — ГІела, — ян абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="39">Цинги гьениса къватІиве вахъун, кидаго гІадин, Зайтуналъул магІарде ана гьев, муридалги рахъана гьесда хадур.</verse>
				<verse number="40">Доре щведал, ГІисаца гьезда абуна: — Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе.</verse>
				<verse number="41">Рехараб гамачІ щолеб манзилалъ гьездаса рикІкІадегІанги ун, суждаялдаги чІун, дугІа гьабизе лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="42">Гьес абулеб букІана: — Я, дир Эмен, дур хІукму бугеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте.</verse>
				<verse number="43">[43-44]</verse>
				<verse number="44"></verse>
				<verse number="45">ДугІаги лъугІизабун, муридазда аскІове щведал, пашманлъиялъ тату хун, кьижун ратана ГІисада гьел.</verse>
				<verse number="46">— Щай нуж кьижарал? — ан абуна гьес. — ТІаде рахъа ва гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе.</verse>
				<verse number="47">ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана гІемераб халкъ, ва цеве-цеве вукІана дол анцІила кІигояздасан цояв Ягьуда абулев чиги. ГІисада убач гьабизе аскІовегІан вачІана гьев.</verse>
				<verse number="48">ГІисаца гьесда абуна: — Ягьуда! Убачги гьабунищ дуца ГІадамил Лъимер тушбабазухъе кьолев вугев?</verse>
				<verse number="49">Гьениб ккезехъин бугеб иш бихьидал, сверухъ рукІараз ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! Хвалчаби рахъилищ? — ан.</verse>
				<verse number="50">Гьезул цояс хвалчен кьабун кІудияв кашишасул цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана.</verse>
				<verse number="51">— ГІела! Те! — ян абуна гьезда ГІисаца ва, квер хъван, дов рагьтІателасул гІин сахлъизабуна.</verse>
				<verse number="52">Жинда хадур рачІарал чІахІиял кашишзабаздаги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги, чІухІби-хІакимзабаздаги ГІисаца абуна: — Хвалчабигун, тІилалгун, хъачагъ кквезе рачІунел кинигин, рачІун руго нуж дун вачине.</verse>
				<verse number="53">Щибаб къоялъ нужеда цеве Мукъадасав Рокъов вукІунаангури дун, гьениб диде квер борхичІо нужеца. Амма гьанже нужер заман бачІун буго, бецІаб къуваталъухъе кверщел щун буго.</verse>
				<verse number="54">Ккун вачун гьез ГІиса кІудияв кашишасул бакІалде щвезавуна. Нахъа-нахъа чІун гьезда хадув вачІунев вукІана Пётрги.</verse>
				<verse number="55">Гьеб минаялъул азбар бакьулъ цІаги бакун, сверухъ гІодор чІана рагъухъаби. Гьезда гьоркьов Пётрги вукІана.</verse>
				<verse number="56">ЦІадухъ гьев вихьидал, гьесухъ ялагьунги чІун, цо гъаравашалъ абуна гьавги досда цадахъ вукІанилан.</verse>
				<verse number="57">Пётрица, нагІадала ккун, абуна: — Дида лъаларо, яц, гьев.</verse>
				<verse number="58">Гьелдаса гІемер мех иналдего, цоги чиясги абуна, гьев вихьидал, мунги дозул чи вугилан. Пётрица абуна: — Гуро, гьудул.</verse>
				<verse number="59">СагІатгІан заман индал, цоги чияс цІакъ ракІчІун абуна: — Гьав хІакъикъаталдаги досда цадахъ вукІарав чи вуго, Галилеялдасалъидалха гьавги, — ян.</verse>
				<verse number="60">Амма Пётрица абуна: — Дуца бицунеб жо щиб, гьудул? ГьебсагІат хІелеко гІегІедизе лъугьана.</verse>
				<verse number="61">Гьебмехалъ гьесдехун вуссун Пётрихъ валагьана ТІадегІанав ГІиса, ва Пётрида ракІалде щвана хІелеко бахъиналде лъабцІул дуца жиндаса инкар гьабилилан ТІадегІанав ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби.</verse>
				<verse number="62">КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр.</verse>
				<verse number="63">ГІиса цІунун рукІарал гІадамаз гьев къабихІ гьавулев вукІана, гьесда кьабулеб букІана.</verse>
				<verse number="64">Беразда чІортоги бухьун абулаан, мун авараг ватани, лъица кьабурабали бицейилан.</verse>
				<verse number="65">Цогидалги къабихІал-инжитал рагІаби гІемер абуна ГІисада гьез.</verse>
				<verse number="66">Дуниял рогьараб мехалъ, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, кІудиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги данделъана гьенире, ГІисаги вачун вачІана суд гьабулеб рокъове.</verse>
				<verse number="67">— Бице, мун МасихІищ? — ан гьикъана ГІисада.</verse>
				<verse number="68">Гьес абуна: — Дица жаваб кьуниги, нуж божиларо. Дица суал кьуни, нужеца жавабги кьеларо.</verse>
				<verse number="69">Гьанжеялдаса нахъе ГІадамил Лъимер гІодов чІезе вуго Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда.</verse>
				<verse number="70">Киназго гьикъана: — Гьедин батани, мун Аллагьасул Васищха? ГІисаца гьезда абуна: — Нужецаго абулеб бугогури дун гьев вугилан.</verse>
				<verse number="71">Гьез абуна: — Цоги нугІзал щай нилъее. Гьасул жиндирго кІалдисан рачІарал рагІаби рагІанагури нилъеда.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="23">
				<verse number="1">Гьел киналго, ГІисаги вачун, рахъун Пилатихъе ана.</verse>
				<verse number="2">Гьениб гьез ГІисаде гІайиб гІунтІизабулеб букІана, жидер халкъ дандечІеялде гьусулев ва къайсарасе магъало кьогеянги жив МасихІ -ПарччахІ вугиланги абулев ватанин гьевилан.</verse>
				<verse number="3">Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.</verse>
				<verse number="4">ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан.</verse>
				<verse number="5">Амма гьез тІаса ричІичІого абулеб букІана гьес халкъ багъа-бачаризабулеб бугин, тІолабго Ягьудиялдаго, хІатта Галилеялдаса бахъараб гьанибе щвезегІан, гьес жиндирго насихІат гьабулеб букІанин.</verse>
				<verse number="6">Галилеялъул цІар бахъулеб рагІидал, Пилатица гьикъана Галилеялдасацин гурищ гьав чийилан.</verse>
				<verse number="7">Гьеродил вилаяталдаса вукІин лъайдал, Пилатица ГІиса витІана гьел къоязда Иерусалималде вачІун вукІарав Гьеродихъе.</verse>
				<verse number="8">ГІиса вихьаравго, Гьерод цІакъ вохана. Цебего бокьун букІана гьесие ГІиса вихьизе, гІемерал харбал рагІулел рукІиндалха гьесул хІакъалъулъ. Цо хІикмат жиндаги бихьизабилародаян хьулги букІана Гьеродил.</verse>
				<verse number="9">Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо.</verse>
				<verse number="10">Гьенир рахъун чІун чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги гІасилъун-ццидахун ГІисаде гІайибал гІунтІизарулел рукІана.</verse>
				<verse number="11">Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана.</verse>
				<verse number="12">Цебеккун цоцазда гьоркьоб тушманлъи букІарал Гьеродги Пилатги гьеб къоялдаса нахъе гьудулзабилъун лъугьана.</verse>
				<verse number="13">ЧІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, цогидал гІадамалги ахІун, Пилатица гьезда абуна:</verse>
				<verse number="14">— Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб.</verse>
				<verse number="15">Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо.</verse>
				<verse number="16">ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав.</verse>
				<verse number="17">[17-18] Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: — Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! — ян.</verse>
				<verse number="18"></verse>
				<verse number="19">Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи.</verse>
				<verse number="20">ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат.</verse>
				<verse number="21">Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! — ян.</verse>
				<verse number="22">Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: — Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала.</verse>
				<verse number="23">Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана.</verse>
				<verse number="24">Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе:</verse>
				<verse number="25">питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна.</verse>
				<verse number="26">Гьев вачун унаго, гьесда хадуб хъанч баччизабуна хуриса вачІунев вукІун данде ккарав Киренеялдаса цо Симон абулев чиясда.</verse>
				<verse number="27">ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел.</verse>
				<verse number="28">Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ.</verse>
				<verse number="29">«Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» — ан нужеца абулел къоял рачІине руго.</verse>
				<verse number="30">ТІаде рортун ниж гъоркь ккезареян мугІрузда гьардела гІадамал гьебмехалъ, щущан ун ниж щинкІизареян гохІазда гьардела.</verse>
				<verse number="31">ГІурччинаб гъветІалъе гьадинал ишал гьарулел ругони, — бакъвараб гъотІое щибдай гьабила!</verse>
				<verse number="32">КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ тамихІалъе вачун унев.</verse>
				<verse number="33">«Гвангвара» абулеб бакІалде щведал, ГІиса хъанчида вана; цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда — дов кІиявго хъачагъги вана хъанчида.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Гьазда тІасалъугьа мун. Жидецаго гьабулеб бугеб жо гьазда лъалеб гьечІо, — ян. Рагъухъаби рукІана, можоро тІамун, гьасул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьулел.</verse>
				<verse number="35">Халкъ балагьун чІун букІана. ЧІухІби-хІакимзаби гьасда тІад релъанхъулел рукІана: — Аллагьас тІаса вищарав МасихІ вугев ватани, живго хвасар гьавеян абе, цогидал хвасар гьарулин досилан абулеб букІанин.</verse>
				<verse number="36">Рагъухъабазги гІад-хочІ гьавулев вукІана гьев. АскІоре ун, цІекІаб чагъир бегьулеб букІана гьесухъе.</verse>
				<verse number="37">— Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! — ян абулеб букІана.</verse>
				<verse number="38">«Гьав вуго жугьутІазул парччахІ» абун греказул, румазул ва жугьутІазул мацІалъ тІад хъвараб хъарщиги букІана гьесул бетІералда тІадехун хІобода чІван.</verse>
				<verse number="39">Гьесда цадахъ хъанчида варав цо хъачагъас ГІиса инжит-къабихІ гьавулев вукІана: — Мун МасихІ гурищ? Гьаха, мунгоги нижги хвасар гьаре, — ян.</verse>
				<verse number="40">Цогидав хъачагъас, досул кІал къазабун, абуна: — Мун АллагьасукьагІагийищ хІинкъуларев? Дуеги гьебго тамихІлъидал бугеб!</verse>
				<verse number="41">Нилъее тамихІ битІун гьабулеб буго, нилъеца гьабуралда рекъон къотІун бугелъул нилъее судги. Амма гьас щибго квешлъи гьабичІо.</verse>
				<verse number="42">ГІисадехун гьес абуна: — Я, ГІиса, ПарччахІлъун мун вачІараб мехалъ, дунги ракІалде щва дуда, — ян.</verse>
				<verse number="43">ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: жакъаго дида аскІов алжаналъувин мун вукІине вугев!</verse>
				<verse number="44">Къалъулеб гІужалда бакъ ккуна. Къалъудаса лъабго сагІат инегІан тІолабго дуниял бецІлъана.</verse>
				<verse number="45">Мукъадасаб Рукъалъул бищунго хирияб рокъоб бигъун букІараб пардав бакьулъа бихъун ана.</verse>
				<verse number="46">Цо гучаб гьаракь гьабун ахІана ГІисаца: — Я, дир Эмен! Дуда кодобе кьолеб буго дица дирго рухІ! Гьедин абун хадуб гьесул рухІ босун ана.</verse>
				<verse number="47">Гьеб бихьарав Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул нусилбетІерас, Аллагьасе рецц гьабун, абуна: — ХІакъикъаталдаги вацІцІадав чи вукІун вуго гьав.</verse>
				<verse number="48">Гьеб киналъухъго балагьизе бачІун букІараб тІолабго халкъги, гьениб ккараб жо бихьидал, бухулаго керенгун, тІадбуссун ана.</verse>
				<verse number="49">ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана.</verse>
				<verse number="50">[50-51] Гьале Ягьудиялъул Ариматея шагьаралдаса Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав Юсуп абулев цо лъикІав ва ритІухъав чи (тІадегІанаб судалда гьоркьове унев вукІаниги, гьев разилъун вукІинчІо гьелъ гьабураб хІукмуялдаги гьеб тІубазабиялдаги), —</verse>
				<verse number="51"></verse>
				<verse number="52">Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе.</verse>
				<verse number="53">Хъанчидаса бахъун, хІебтил мусрудулъги жемун, кьурулъ бикІун хІадурун букІараб жеги щивниги чи лъечІеб хабалазул нохъода букъула гьесул жаназа.</verse>
				<verse number="54">Гьеб букІана рузман къо, тІаде щолеб букІана шамат сордо.</verse>
				<verse number="55">Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги.</verse>
				<verse number="56">Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="24">
				<verse number="1">Анкьил тІоцебесеб къоялъ, цІакъ цудунго рахъун ва цебеккунго хІадурун букІараб махІгьуинаб нахги босун, гьел руччаби ГІисал хабаде ана.</verse>
				<verse number="2">Нохъодул хобалъул кІалтІа букІараб гамачІ нахъе гиризабун батана гьезда.</verse>
				<verse number="3">Жанире лъугьиндал, ТІадегІанав ГІисал жаназаги батичІо.</verse>
				<verse number="4">Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи.</verse>
				<verse number="5">ХІинкъуца холаго, руччаби бутІрул гІодоре къулун чІедал, доз гьазда абуна: — Хваразда гьоркьов щай нужеца чІагояв чи валагьулев?</verse>
				<verse number="6">Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб:</verse>
				<verse number="7">ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда.</verse>
				<verse number="9">Хабалалъа тІадруссун щведал, гьез гьеб хабар бицана ГІисал анцІила цо чапарасдаги ва киналго цогидал муридаздаги.</verse>
				<verse number="10">Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги — гьезин бицараб гьеб чапарзабазда.</verse>
				<verse number="11">Чапарзабазда ккана гьез гІантал жал рицунел ругилан, ва руччабазда гьал божичІо.</verse>
				<verse number="12">Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана.</verse>
				<verse number="13">Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе.</verse>
				<verse number="14">Кинабго лъугьа-бахъаралъул бицунеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="15">Гаргадулел, дагІбадулел гьел рукІаго, вачІун ГІиса гьезда цадахъ вилълъине лъугьана.</verse>
				<verse number="16">Амма гьезда цебе пардав лъугьун букІана, гьединлъидал ГІиса гьезда лъачІо.</verse>
				<verse number="17">Гьес гьикъана гьезда: — Сундул бицунаго нуж рачІунел ругел? Пашманго рачІунел рукІарал гьел кІиялго лъалхъана.</verse>
				<verse number="18">Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: — Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи.</verse>
				<verse number="19">— Сундул хІакъалъулъ? — ан гьикъана гьес. — Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, — ан абуна гьез. — Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг.</verse>
				<verse number="20">Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана.</verse>
				<verse number="21">Вай, нижерни хьул букІана гьев Исраилил халкъ тархъан гьабизе вачІарав чи ватилилан. Амма гьелдалъун лъугІичІо иш: гьале лъабабилеб къо буго гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса.</verse>
				<verse number="22">Нижер цо-цо руччабаз бицараб хабаралъ хагазарун руго ниж. Жакъа радал цудунго рахъун ГІисал хабаде ун рукІана гьел.</verse>
				<verse number="23">Амма гьезда хабалъ ГІисал жаназа батун гьечІо. Зодисан рещтІун гьенир ратарал малаикзабаз гьев чІаго вугин абунин жидедаян бицине рачІана гьел руччаби.</verse>
				<verse number="24">Цо-цо нижералги ун рукІана хабатІе, ва руччабазда батухъе батун буго гьездаги хоб. Амма гьев живго вихьун гьечІо.</verse>
				<verse number="25">Гьес гьезда абуна: — Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж!</verse>
				<verse number="26">Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав?</verse>
				<verse number="27">Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда.</verse>
				<verse number="28">Гьанже гьел доб росулъе гІагарлъулел рукІана. Жив дагьавги цевехун ине кколеб ххвел гьабуна гьес.</verse>
				<verse number="29">Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="30">Гьенир кваназе байбихьидал, гьес, тІаде дугІаги гьабун, бекун чед кьуна гьезухъе.</verse>
				<verse number="31">Гьебмехалъ борхун ана гьезда цебе букІараб пардав, ва гьезда ГІиса лъана. ГьебсагІат ГІиса гьезда вихьуларевлъун лъугьана.</verse>
				<verse number="32">Гьез цинги цоцазда абуна: — Нухда нилъгун кІалъалев ва Илагьияб ТІехьалда бугеб хабар бичІчІизабулев гьев вукІараб мехалъго бухІулеб-бухІулеб букІинчІищ нилъер ракІ? — абун.</verse>
				<verse number="33">Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги.</verse>
				<verse number="34">Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин.</verse>
				<verse number="35">Гьазги бицана нухда жидеда цадахъ вачІиналъулги, кванда нахъа бекун чед кьураб мехалъ, жидеда ГІиса лъараб куцалъулги хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="36">Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.</verse>
				<verse number="37">ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан.</verse>
				<verse number="38">ГІисаца гьезда абуна: — Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел?</verse>
				<verse number="39">Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб.</verse>
				<verse number="40">Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="41">Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца.</verse>
				<verse number="42">Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек.</verse>
				<verse number="43">Босун, гьалги ралагьун, квана ГІисаца гьеб.</verse>
				<verse number="44">ГІисаца гьезда абуна: — Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица.</verse>
				<verse number="45">Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги.</verse>
				<verse number="46">[46-47] Гьес абуна: — ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго — МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан.</verse>
				<verse number="47"></verse>
				<verse number="48">Гьелъие нугІзал руго нуж.</verse>
				<verse number="49">Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж.</verse>
				<verse number="50">Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца.</verse>
				<verse number="51">ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана.</verse>
				<verse number="52">Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел.</verse>
				<verse number="53">Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="43">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги.</verse>
				<verse number="2">Бищунго цебе гьеб Аллагьасда аскІоб букІана.</verse>
				<verse number="3">Гьеб РагІудалъун бижана кинабго. Бижарабщиналъул щибниги бижичІо гьеб гьечІого.</verse>
				<verse number="4">Гьелъулъ букІана чІаголъи. Гьеб чІаголъи букІана гІадамазе Нурлъун.</verse>
				<verse number="5">Гьеб Нур бецІлъуда кунчІун буго, бецІлъиялда гьеб Нур киданиги къезабизе кІвечІо.</verse>
				<verse number="6">Гьале Аллагьас витІун вачІана ЯхІя абулев чи.</verse>
				<verse number="7">Гьев вачІун вукІана халкъалда цебе гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе, гьесухъги гІенеккун, киналго гьелда божизелъун.</verse>
				<verse number="8">ЯхІя живго Нур вукІинчІо, гьев вачІун вукІана гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="9">Гьеб ккола дуниялалде бачІараб хІакъаб Нур. Гьелъ гвангъизавун вуго щивав чи.</verse>
				<verse number="10">Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо.</verse>
				<verse number="11">Жиндирго халкъалъухъе вачІун вукІана Нурлъун вугев чи, жиндирго халкъалъ гьев къабул гьавичІо.</verse>
				<verse number="12">Амма жив къабул гьавуразе ва жинда божаразе гьес рес кьуна Аллагьасул лъималлъун рукІине.</verse>
				<verse number="13">Лъилниги биялдасан, лъилниги черхалдасан яги бихьинчиясул гьаваялдасан лъугьарал лъималлъун рукІине гуро рес кьураб, Аллагьасул лъималлъун рукІинейин.</verse>
				<verse number="14">РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи — Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи.</verse>
				<verse number="15">Гьесул хІакъалъулъин ЯхІяца бицунеб букІараб. ЯхІяца ахІулеб букІана: «Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьев. Дидасаги цеве вукІиндалин гьев тІадегІанав вугев!»</verse>
				<verse number="16">Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее.</verse>
				<verse number="17">Къанун Мусахъ битІун бачІана Аллагьас, баркатги хІакъабщинабги МасихІ ГІисадасан загьирлъана.</verse>
				<verse number="18">Аллагь киданиги лъиданиги вихьичІо, амма кидаго Инсудаса ватІалъуларев цохІо вугев Васасдалъун вихьизавуна гьес живго.</verse>
				<verse number="19">Иерусалималдаса ягьудияз кашишзабиги левиталги мун щивилан гьикъизе ритІун рачІараб мехалъ, жиндирго хІакъалъулъ нугІлъи гьабун,</verse>
				<verse number="20">гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана — жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя.</verse>
				<verse number="21">Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес.</verse>
				<verse number="22">Ахиралда гьез гьикъана: — Щивха мун? Ниж дуда аскІоре ритІарал гІадамазда щибилан нижеца бицинеб? Дуцаго щивлъун мун рикІкІунев?</verse>
				<verse number="23">ЯхІяца жаваб кьуна: — Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!»</verse>
				<verse number="24">Гьел рукІана фарисеяз ритІарал гІадамал.</verse>
				<verse number="25">Гьез гьикъана: — Мун МасихІги гурев ватани, Илясги гурев ватани, аварагги гурев ватани, гьал гІадамал лъадалъ ччун щайха дуца гьазул мунагьал чурулел ругел?</verse>
				<verse number="26">ЯхІяца жаваб кьуна: — Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев.</verse>
				<verse number="27">Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.</verse>
				<verse number="28">Гьеб гара-чІвари ккана Иордан гІурул доб рахъалда бугеб Бетаниялда. Гьенир лъадалъ ччун рахъулел рукІана ЯхІяца гІадамал.</verse>
				<verse number="29">Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: — Гьале дов — гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер.</verse>
				<verse number="30">Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьав. Дидасаги цеве вукІиндалин гьав тІадегІанав вугев!</verse>
				<verse number="31">Дида лъалароан гьав, Исраилил халкъалъе гьав загьирлъизе гІоло, гьел лъадалъ ччун рахъун рацІцІад гьаризе вачІун вуго дун.</verse>
				<verse number="32">ЯхІяца нугІлъи гьабун абуна: — Дида бихьана зобалаздасан Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб ва гьесулъ хутІулеб.</verse>
				<verse number="33">Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи».</verse>
				<verse number="34">Гьеб дида бихьана, гьединлъидал дица нугІлъи гьабулеб буго гьав Аллагьасул Вас вукІиналъе.</verse>
				<verse number="35">Нахъисеб къоялъ ЯхІя жиндирго кІиго муридасда цадахъ вугеб мехалъ,</verse>
				<verse number="36">цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: — Гьале Аллагьасул КьегІер.</verse>
				<verse number="37">Гьеб рагІидал ЯхІял кІиявго мурид ГІисада хадур ана.</verse>
				<verse number="38">Нахъехун вуссун валагьарав ГІисада гьел жиндаго хадур рачІунел рихьана. — Нужее щиб къваригІун бугеб? — ан гьикъана ГІисаца гьезда. ГІисада гьезги гьикъана: — Я, Рабби! («МугІалим» абураб магІна буго гьеб рагІул.) Дур чІей, яшав киб бугеб? — абун.</verse>
				<verse number="39">Жинда хадур рачІани лъалин нужеда гьебилан жаваб кьуна ГІисаца. (СагІат ункъо тІубараб заман букІана гьеб.) Гьел ГІисада хадур гьесул бакІалде ана ва тІубараб къоялъго гьенир чІана.</verse>
				<verse number="40">ЯхІяца бицаралъухъ гІенеккун, ГІисада хадур аразул цоясда цІар Андрей букІана. Гьев вукІана Симон Пётрил вац.</verse>
				<verse number="41">ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.)</verse>
				<verse number="42">Гьес Симон ГІисахъе вачана. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: — Мун вуго Иоаннил вас Симон. Дуда цІар букІине буго Кефа (грек мацІалда Пётр).</verse>
				<verse number="43">Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна.</verse>
				<verse number="44">Пётрги Андрейги гІадин, Филиппги Бетсаида шагьаралдаса вукІана.</verse>
				<verse number="45">Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса.</verse>
				<verse number="46">Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица.</verse>
				<verse number="47">Натанаэл вачІунев вихьараб мехалъ ГІисаца абуна: — Гьав вуго дов унго-унгояв жугьутІав, жинца киданиги хІилла-рекІкІ гьабуларев.</verse>
				<verse number="48">— Дуда дун кисан лъалев? — ан гьикъана Натанаэлица. — Филиппица мун витІилалдего инжиралъул гъотІокь гІодов чІун вихьана дида мун, — ян абуна ГІисаца.</verse>
				<verse number="49">Натанаэлица абуна: — Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги!</verse>
				<verse number="50">ГІисаца абуна: — Инжиралъул гъотІокь вихьанилан дица абидалищ дуца диде иман лъураб? Гьелдасаги хІикматал ишал гІемер рихьила дуда.</verse>
				<verse number="51">Цоги ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дуда зобал кІирикьулел рихьила ва гьенисан ГІадамил Лъимадухъе рачІунел-унел Бичасул малаикзабиги рихьила.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ.</verse>
				<verse number="2">Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги.</verse>
				<verse number="3">Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан.</verse>
				<verse number="4">ГІисаца гьелда абуна: — Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури.</verse>
				<verse number="5">Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан.</verse>
				<verse number="6">Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе.</verse>
				<verse number="7">ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ.</verse>
				<verse number="8">Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб.</verse>
				<verse number="9">Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда.</verse>
				<verse number="10">Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна: — Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир.</verse>
				<verse number="11">Гьедин гьениб — Галилеялъул Кана шагьаралда — бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада.</verse>
				<verse number="12">Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб.</verse>
				<verse number="13">ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана.</verse>
				<verse number="14">Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги.</verse>
				<verse number="15">ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна.</verse>
				<verse number="16">Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: — Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, — ян.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», — абун ТІухьдузда хъван бугеб калима.</verse>
				<verse number="18">Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: — Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин?</verse>
				<verse number="19">ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала.</verse>
				<verse number="20">Гьесие жавабалъе ягьудияз абуна: — Гьаб Мукъадасаб Рукъ базе кІикъоялда анлъго сон къваригІана. Лъабго къоялда жаниб бан бажарилищ духъа гьеб?</verse>
				<verse number="21">Гьеб Мукъадасаб Рукъалъул мисалалда ГІисаца бицунеб букІун буго жиндирго черхалъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="22">ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ ракІалде щвана муридазда гьесул гьел рагІаби. Гьебмехалъ божана гьел ТІухьдузда хъван букІаралдаги ГІисаца жидедаго бицун букІаралдаги.</verse>
				<verse number="23">Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда.</verse>
				<verse number="24">Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда.</verse>
				<verse number="25">Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазда гьоркьов вукІана цо Никодем абулев фарисеяв.</verse>
				<verse number="2">Сардилъ ГІисахъе вачІун, гьес абуна: — Я, Рабби! Нижеда лъала мун Аллагьас нижехъе витІарав МугІалим вукІин. Дуца нижеда рихьизарурал гІадинал мугІжизатал лъиданиги рихьизаризе кІоларо, Аллагьасул квербакъи гьечІони.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо.</verse>
				<verse number="4">Никодемица гьесда гьикъана: — КІудияв гІурав чи цІидасан кин гьавулев? ТІадвуссун эбелалъул ургьиве лъугьун, цІидасан чи гьавизе рес бугебищ?</verse>
				<verse number="5">ГІисаца жаваб кьуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: лъададасан ва Илагьияб РухІалдасан лъугьарав чиясе гурони Аллагьасул ПарччахІлъиялде нух гьечІо.</verse>
				<verse number="6">Инсанасул черхалдасан черх лъугьуна, рухІалдасан рухІ лъугьуна.</verse>
				<verse number="7">Нуж цІидасан гьаризе кколилан дица абиялда хІикмалъуге.</verse>
				<verse number="8">Гьури жиндиего бокьараб рахъалде уна. Дуда гьелъул гьаракь-хъуй рагІула, амма кисан бачІунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухІалдасан гьавуравщинав чиги.</verse>
				<verse number="9">— Гьеб кин лъугьунеб? — ан гьикъана Никодемица.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца жаваб кьуна: — Мун вуго Исраилил халкъалъул мугІалим. Дуда лъазе ккеларищ гьеб?</verse>
				<verse number="11">ХІакълъун абулеб буго дица дуда: нижеца бицунеб буго нижедаго лъалебщинаб ва нижеда бихьарабщиналъе нугІлъи гьабулебги буго. Амма нижер нугІлъиялда нуж божулел гьечІо.</verse>
				<verse number="12">Дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ бицаралда божулареб мехалъ, зобалазул ишазул бицунилан божилищ нуж?</verse>
				<verse number="13">Зобалазде цониги инсан щвечІо, гьениса рещтІарав ГІадамил Лъимер тун батІияв чи.</verse>
				<verse number="14">ГІицІаб авлахъалда Мусаца пахьул борохь гІорол тІогьибе бахинабураб гІадин, ГІадамил Лъимерги борхатаб бакІалде вахинавизе вуго,</verse>
				<verse number="15">гьесда божаравщинасе абадияб гІумру насиблъиялъе гІоло.</verse>
				<verse number="16">Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигІанги цІакъ бокьулеб буго: гьес цохІо вугев Вас гьаниве витІана, гьесда божанщинав чи хунгутІизе, гьезие абадияб гІумру насиблъизе.</verse>
				<verse number="17">ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго.</verse>
				<verse number="18">Гьесда божарасе тамихІ букІине гьечІо, амма божичІезе тамихІ гьанибго гьабун буго, Аллагьасул цохІо вугев Васасда гьел божичІелъул.</verse>
				<verse number="19">Дуниялалде Нур бачІиналдалъун гьабуна гьеб суд. Амма гІадамазе Нур бокьичІо, бецІлъи бокьана, гьез гьарулел ишал квешал рукІиндал.</verse>
				<verse number="20">Квешлъи гьабулевщинав чиясе Нуралъул канлъи бокьуларо ва канлъуде унаро, гьеб квешлъи къватІибе загьирлъилилан хІинкъун.</verse>
				<verse number="21">ЛъикІлъи гьабулев чи канлъуде уна, жинца гьеб лъикІлъи Аллагьасе гІоло гьабураб букІин загьирлъизе.</verse>
				<verse number="22">Цинги ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Ягьудиялъул ракьалде ана, гьенив чІун гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана гьес.</verse>
				<verse number="23">Гьеб заманаялда ЯхІяги вукІана Салималда аскІоб бугеб Эноналда. Лъим гІемераб бакІ букІиндал, гьенир лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца жиндихъего рачІарал гІадамал.</verse>
				<verse number="24">ЯхІя жеги гвандинив тІамилалде заман букІана гьеб.</verse>
				<verse number="25">ЯхІял муридазулги цо ягьудиясулги дагІба ккана рацІцІалъизариялъул гІадаталда тІасан.</verse>
				<verse number="26">ЯхІяхъе рачІун муридаз абуна: — Я, Рабби! Иорданалъул добцояб рагІалда дуда аскІов вукІарав ва дуца жиндир хІакъалъулъ бицунеб букІарав чиясги лъадалъ ччун рахъулел руго гІадамал. Киналго гьесухъе рачІунел руго.</verse>
				<verse number="27">Гьезие жавабалъе ЯхІяца абуна: — Зобалаздасан кьун гьечІони, инсанасе щибниги щоларо.</verse>
				<verse number="28">Нужеда рагІанагури добмехалъго дица дун МасихІ гурин, гьесдаса цеве витІарав чи вугилан абулеб.</verse>
				<verse number="29">БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса.</verse>
				<verse number="30">Гьев кІодолъизе ккола, дун гьитІинлъизе ккола.</verse>
				<verse number="31">Зобалаздасан вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. Ракьалда вижарав ракьалдаго хутІула, дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ букІуна гьесул бицунеб рагІиги. Зобалаздаса вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна.</verse>
				<verse number="32">Гьес бицунеб буго жиндаго бихьаралъулги рагІаралъулги. Амма гьес бицаралда щивниги божулев гьечІо.</verse>
				<verse number="33">Гьесда божарав чияс Аллагь хІакъав вукІин чІезабула.</verse>
				<verse number="34">Аллагьас витІарасул кІалдиб буго Аллагьасул калам, БетІергьанас Илагьияб РухІ гьарзаго лъугьинабун бугелъулха гьесулъе.</verse>
				<verse number="35">Инсуе вас вокьула ва тІолабго кверщел гьесухъе кьола.</verse>
				<verse number="36">Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">[1-3] Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана.</verse>
				<verse number="2"></verse>
				<verse number="3"></verse>
				<verse number="4">Самариялъул ракьалдасан ине кколаан гьел.</verse>
				<verse number="5">Якъуб аварагас жиндирго вас Юсупие кьураб хуралда аскІоб бугеб Сихар абулеб Самариялъул цо шагьаралде щвана.</verse>
				<verse number="6">Якъубилго букІараб цо гъуялъухъе щведал, сапаралда свакарав ГІиса гьенив гІодов чІана. Гьеб букІана къалъул гІуж.</verse>
				<verse number="7">Цо самарияй ячІана гъуялъуса лъел цІезе. — Гьекъезе лъим кье, — ян абуна гьелда ГІисаца.</verse>
				<verse number="8">(Гьесул муридал квен-тІехалда хадур шагьаралде ун рукІана.)</verse>
				<verse number="9">Самариялъ гьесда абуна: — Мун жугьутІавлъидал, дуца дида — Самариялъул гІаданалда — лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.)</verse>
				<verse number="10">ГІисаца гьелда абуна: — Аллагьасдасан насиблъулеб сайигъатги лъалебани ва лъим кьейилан дуда гьарулев вугев чи щивалиги лъалебани, дуцаго гьарилаан гьесда лъим кьейилан, ва гьес дуе кьелаан чІаголъиялъул лъим.</verse>
				<verse number="11">Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: — Я, бетІерчІахъад, духъ гел гьечІогури, гьаб гъуйги гъваридаб буго. Киса дуе чІаголъиялъул лъим щвезе бугеб?</verse>
				<verse number="12">Нилъер кІудияв эмен Якъубидасаги кутакав чийищха мун? Гьесдасан нижее ирсалъе хутІараб гьаб гъуялъуса лъим гьесги гьекъолаан, гьесул лъималазги гьекъолаан, гьесул боцІи-панзалъги гьекъолаан.</verse>
				<verse number="13">ГІисаца абуна: — Гьаб гъуялъуса лъим гьекъарав чи нахъеги къечола.</verse>
				<verse number="14">Амма дица кьураб лъим гьекъарав чи абадул абадиялъ къечезе гьечІо. Дица кьураб лъим гьесул рекІелъ иццлъун лъугьина. Гьеб иццул лъадал чвахиялъ абадияб гІумру насиблъизабула.</verse>
				<verse number="15">Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: — Дие кье, бетІерчІахъад, гьеб лъим. ТІокІай дун киданиги къечеларо ва гьание лъел цІезе ячІине ккеларо.</verse>
				<verse number="16">Дурго росги вачун ячІайилан абуна ГІисаца гьелда.</verse>
				<verse number="17">Жиндир рос гьечІилан абуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна рос гьечІилан абураб рагІи дур битІараб бугилан.</verse>
				<verse number="18">Щуго рос вукІана дур. Амма гьанже вугев чи дур рос кколаро, гьеб цІакъ битІун абуна дуца.</verse>
				<verse number="19">Гьей гІаданалъ абуна: — Мун авараг вукІин бихьулеб буго, бетІерчІахъад, дида.</verse>
				<verse number="20">Нижер умумул гьаб магІарде рахунаан Аллагьасе тІагІат-гІибадаталъе. Нужер жугьутІаз абулеб буго тІагІат-гІибадаталъе Иерусалималде рачІине кколилан.</verse>
				<verse number="21">— Мун дида божа, — ян абуна ГІисаца гьелда. — Цо заман бачІина Инсуе суждаялда чІезе я гьаб магІарде рахине кколареб, я Иерусалималде ине кколареб.</verse>
				<verse number="22">Нужеда лъаларо лъие нужеца сужда гьабулеб бугебали. Нижер жугьутІазда лъала лъие сужда гьабулеб бугебали, гІаламалъе хвасарлъи жугьутІазда гьоркьосан бачІунелъул.</verse>
				<verse number="23">Цо заман бачІина хІакълъунго Аллагьасда божулел гІадамаз хІакъаб нухдасан ун, Илагьияб РухІалдалъун Инсуе сужда гьабулеб. БачІунго буго гьединаб заман. Гьединал божулел чагІи ралагьулел руго нилъер Инсуца.</verse>
				<verse number="24">Аллагь — гьев ккола РухІ. Гьединлъидал хІакъаб нухдасан ун, РухІалдалъун гьабизе ккола гьесие сужда.</verse>
				<verse number="25">Гьей гІаданалъ абуна: — Дида лъала Христосилан абулев МасихІ вачІине вукІин. Гьев вачІараб мехалъ, гьес бицина нижеда кинабго.</verse>
				<verse number="26">ГІисаца гьелда абуна: — Гьанив дуда кІалъалев вугев дун ккола гьев.</verse>
				<verse number="27">Гьебмехалъ тІаде щварал ГІисал муридал гІажаиблъана самариялда гаргадилев гьев ватидал. Амма гьесда лъицаниги гьикъичІо щиб дуе къваригІун букІарабилан, щиб бицун мун гьелда гаргадулев вугевилан.</verse>
				<verse number="28">ГІеретІги гьениб тун, шагьаралдеги ун, дой гІаданалъ гІадамазда абуна:</verse>
				<verse number="29">— Рилълъа, нужедаго цо чи вихьизе. Гьес бицана дир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо. МасихІцин гуродай дов?</verse>
				<verse number="30">Гьев вихьизе ине къватІире рахъана шагьаралъул гІадамал.</verse>
				<verse number="31">Гьел тІаде щвелалде, муридаз ГІисада абуна: — Кванай, МугІалим, — ан.</verse>
				<verse number="32">Гьес гьезда абуна: — Нужеда лъалареб квен буго дихъ, — ан.</verse>
				<verse number="33">Цо лъицаниги квенциндай гьасие бачІарабилан гаргадизе лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьезда абуна: — Дир квен ккола дун витІарав Аллагьасул амру тІубазаби ва гьесул иш рагІалде бахъинаби.</verse>
				<verse number="35">Нужеца абила хур лъилъизе жеги ункъониги моцІ хутІун бугилан. Гьале дица нужеда абулеб буго: лъикІго бер щвезабе хурзабахъе, хІалухъен тІогьиллъун буго ва гьеб лъилъизе заман щун буго!</verse>
				<verse number="36">Лъилъарухъанасе лъикІаб мухьги щвела ва абадияб гІумруялъе бачІинги бакІарила. Бекьаравги лъилъаравги — кІиявго — вохила гьелдаса.</verse>
				<verse number="37">ЦІакъ битІараб кици буго, цояс бекьулин, цогидас лъилъулин абураб.</verse>
				<verse number="38">Дица нуж ритІула нужецаго бекьичІеб хур лъилъизе. Цогидаз захІмат баччун гІезабураб хІалухъеналдаса пайда босула нужеца!</verse>
				<verse number="39">Жиндир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо лъанин гьесдайилан дой гІаданалъ бициндал, гьеб шагьаралдаса гІезегІанго самариял божана ГІисада.</verse>
				<verse number="40">Гьесда тІаде щведал, самарияз ГІисада гьарана жидер шагьаралда чІайилан. КІиго къо бана гьес гьениб.</verse>
				<verse number="41">ГІисал рагІабазухъ гІенеккидал, дагьалги цІикІкІана гьесда божулел гІадамал.</verse>
				<verse number="42">Гьез дой гІаданалда абуна дуца бицаралдалъун гурин ниж гьанже божарал, нижедаго рагІаралдалъун божанилан ва хІакълъунго гІалам хвасар гьабизе вачІарав чи гьев вукІиналда ракІги чІанилан.</verse>
				<verse number="43">КІиго къоялдасан ГІиса гьениса Галилеялде ана.</verse>
				<verse number="44">ГІисаца абун букІана жиндирго инсул ракьалда аварагасул къадру-къимат гьабуларилан.</verse>
				<verse number="45">Амма Галилеялде щведал, роха-хинлъун къабул гьавуна ГІиса гІадамаз. Гьелги рукІиндал дора Иерусалималда доб байрамалда, гьездаги рихьидал дора гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал.</verse>
				<verse number="46">Нахъеги ГІиса ана гьес лъим чагъиралде сверизабураб Галилеялъул доб Кана шагьаралде. Гьенив вукІана парччахІасул хІакимлъун вугев цо чи. Гьесул вас вукІана Капернаум шагьаралда захІматго унтун.</verse>
				<verse number="47">ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссун вугилан рагІидал, гьесда аскІове вачІана дов чи, хвалде ккун унтун вугев жиндир вас сахлъизавизе жинда цадахъ Капернаумалде вилълъайилан гьаризе.</verse>
				<verse number="48">ГІисаца гьесда абуна: — МугІжизаталги гІаламаталги рихьизаричІони, божуларел гІадамал руго нуж!</verse>
				<verse number="49">ПарччахІасул хІакимас гьесда абуна: — Я, бетІерчІахъад, дир вас хвелалде вилълъа.</verse>
				<verse number="50">ГІисаца гьесда абуна: — Дурго рокъове а гьанже. Дур вас хвезе гьечІо, — ян. ГІисал гьеб рагІудаги божун, нахъе ана гьев чи.</verse>
				<verse number="51">Нухдаго данде ккана вас сахлъанилан бицине рачІунел рагьтІателал.</verse>
				<verse number="52">Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан.</verse>
				<verse number="53">ХІисаб гьабураб мехалъ, битІун гьеб заманаялда абун батана ГІисаца гьесда дур вас хвезе гьечІилан. Гьелдаса нахъе гьесги гьесул рукъалъул агьлуялъги иман лъуна.</verse>
				<verse number="54">ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб жугьутІазул цо байрамалде Иерусалималде вачІана ГІиса.</verse>
				<verse number="2">Иерусалималъул «ГІиял кавудахъ» буго жугьутІазул мацІалда Бетцата абулеб цо хІавуз. ЧІахІиял хІубалги чІван гьабураб щуго рагъиги буго гьеб хІавузалда сверун.</verse>
				<verse number="3">Гьел рагъабазда регун рукІунаан унтаралги, бецалги, рекъалги, палижалъ ккуралги гІемерал гІадамал.</verse>
				<verse number="4">[4-5] Гьенив вукІана лъебералда микьго соналъ унтарав цо чи.</verse>
				<verse number="5"></verse>
				<verse number="6">ГІисадаги вихьана гьев. Халат заманаялъ унтарав чи гьев вукІин лъайдал, ГІисаца гьесда гьикъана сахлъизе бокьилищилан.</verse>
				<verse number="7">Унтарас жаваб кьуна: — Я, бетІерчІахъад! Лъим гьелчараб мехалъ, дун хІавузалъуве вегьизе чи гьечІо дида цадахъ. Дунго гьениве лъугьинилан кида тІаде ворханиги, цогидав ккун ватула дидаса цеве.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца гьесда абуна: — ТІаде вахъа! Дурго турутги босун, рокъове а, — ян.</verse>
				<verse number="9">ГьебсагІатго сахлъана гьев чи. Жиндирго турутги босун унев вукІана. Гьеб букІана шамат къо.</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидал ягьудияз гьесда абуна жакъа шамат къоялъ дуца турут кодоб ккун баччизе бегьуларилан.</verse>
				<verse number="11">Жив сахлъизавурав чияс турутги босун айилан абунин жиндайилан жаваб кьуна гьес.</verse>
				<verse number="12">— Турутги босун айилан лъица дуда абураб? — ан гьикъидал,</verse>
				<verse number="13">жаваб кьун бажаричІо гьесухъа. Гьесда лъалеб букІинчІо дов щивали. Гьенир рукІарал гІадамазул руккалилъе лъугьун ун вукІана ГІиса гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="14">Цинги ГІисада гьев чи Мукъадасаб Рокъов ватана. — Гьелеха, сахлъун вуго мун гьанже, — ян абуна гьесда ГІисаца. — Мунагьалдаса цІунун чІа гьанжеялдаса нахъе, дагьабги квешаб ккезе гурин дуе.</verse>
				<verse number="15">Инеги ун ягьудиязда бицана гьес ГІисаца сахлъизавунин живилан.</verse>
				<verse number="16">Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз.</verse>
				<verse number="17">ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсулги гьечІо чІараб сагІат, дунги гьесда релълъун вуго.</verse>
				<verse number="18">Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе.</verse>
				<verse number="19">Гьелда дандеги ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: живго лъикІав лъугьун Васасда щибниги гьабизе кІоларо, Инсуца гьеб иш гьабулеб гьесда бихьулеб гьечІони. Инсуца гьабураб гьабула Васасги.</verse>
				<verse number="20">Инсуе вас вокьула, ва Инсуца гьесдаги рихьун гьарула жиндирго киналго ишал. Дагьалги кІудиял ишал рихьизарила Инсуца гьесда, гьебмехалъги гІажаиблъила нуж.</verse>
				<verse number="21">Инсуца гІадамал хваралъуса рахъинарун, чІаголъизарулел гІадин, Васасги чІаголъизарула жиндиего чІаголъизаризе бокьарал чагІи.</verse>
				<verse number="22">Инсуца лъиениги суд гьабулеб гьечІо, суд гьабизе ихтияр гьес Васасухъе кьун буго.</verse>
				<verse number="23">Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо.</verse>
				<verse number="24">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІухъ гІенеккарав ва дун витІарав Аллагьасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъула, суд гьабичІого, тамихІ гьечІого ворчІана гьев хваразулъа чІагоязулъе — абадияб гІумруялъулъе.</verse>
				<verse number="25">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул Васасул гьаракь хвараздаги рагІулеб ва гьеб рагІараб мехалъ гьел тІаде рахъунеб заман бачІина, бачІунго буго гьединаб заман.</verse>
				<verse number="26">Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел.</verse>
				<verse number="27">Суд гьабизеги ихтияр кьун буго Васасе — гьев ГІадамил Лъимер вугелъул.</verse>
				<verse number="28">Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго:</verse>
				<verse number="29">лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила.</verse>
				<verse number="30">Дунго лъикІав лъугьун дида щибниги гьабизе кІоларо. Аллагьасухъ гІенеккун гьабулеб буго дица суд. Дир судги ритІухъаб буго, — диего бокьухъе гурелъул дица суд гьабулеб бугеб, дун витІарав Аллагьасе бокьухъелъидал.</verse>
				<verse number="31">Дицаго диего гьабулеб нугІлъи — гьеб кьучІаб букІинаро.</verse>
				<verse number="32">Амма вуго дир хІакъалъулъ бицунев цоги НугІ. Дида лъала дир хІакъалъулъ Гьесул нугІлъи кьучІаб бугеблъи.</verse>
				<verse number="33">Дир хІакъалъулъ цІехезе нужеца ЯхІяхъе гІадамал ритІун рукІанагури. РитІухъаб нугІлъи гьабуна гьесги.</verse>
				<verse number="34">ГІадамазул нугІлъи къваригІарав чи гуро дун. Нуж хвасарлъизе гІоло бицунеб буго дица гьелъул.</verse>
				<verse number="35">ЯхІя вукІана гІадамазе бакараб ва канлъи кьолеб чирахъ гІадинав чи. Цо дагьабго заманаялъ гьелъул канлъиялдаса рохизе бокьун букІана нужее.</verse>
				<verse number="36">ЯхІяца гьабураб нугІлъиялдасаги кІудияб нугІлъи буго дихъ, нуж божизаризе кІолеб. Дица тІуразареян Инсуца дида тІадкъарал ва гьанже дица тІуразарулел ругел ишаз жидецаго нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. Дун Инсуца витІун вукІиналъе нугІлъи гьабула гьез.</verse>
				<verse number="37">Дун витІарав дир Инсуцаги нугІлъи гьабулеб буго дие пайдаялъе. Нужеда лъиданиги я рагІичІо, я вихьичІо гьев киданиги.</verse>
				<verse number="38">Гьесул рагІиги нужер рекІелъ хутІуларо, гьес витІарасда божулел гьечІелъул.</verse>
				<verse number="39">Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="40">Абадияб гІумру насиблъизе букІине дихъе рачІине кинго бокьулеб гьечІо нужее.</verse>
				<verse number="41">ГІадамазул рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро дун.</verse>
				<verse number="42">Амма дида нуж лъала ва нужер рекІелъ Аллагьасде рокьи гьечІеблъиги лъала.</verse>
				<verse number="43">Дир Инсуца витІун вачІарав дун нужеца къабул гьавулев гьечІо. Живго вахъун цо пуланав чи вачІани, нужеца гьев къабул гьавила.</verse>
				<verse number="44">Цоцазул рецц бокьулел нуж гІадинал гІадамаз иман лъелищ, цохІо Аллагьасдасан щолеб баркат тІалаб гьабулеб гьечІелъул нужеца.</verse>
				<verse number="45">Амма нужеда ракІалде ккоге Инсуда цере дица нужеда гІайиб чІвалилан. Сундулго рахъалъ нужеца хьул гьабулев Мусацагицин гІайиб чІвала нужеда.</verse>
				<verse number="46">ХІакълъун нуж Мусада божулел рукІаралани, дидаги божилаан нуж. Гьесги хъван тун букІиндалха нужее дир хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="47">Гьес хъваралда божуларел нуж, дица бицаралда божилищ?</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана.</verse>
				<verse number="2">ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал.</verse>
				<verse number="3">ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана.</verse>
				<verse number="4">ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана.</verse>
				<verse number="5">Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан.</verse>
				<verse number="6">(Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.)</verse>
				<verse number="7">Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги.</verse>
				<verse number="8">Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада</verse>
				<verse number="9">гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи.</verse>
				<verse number="11">ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги.</verse>
				<verse number="12">Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан.</verse>
				<verse number="13">ПурчІинадул ханждал щуго чадил нахъе хутІун ратана анцІила кІиго гьегь цІурал кескал.</verse>
				<verse number="14">ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: — ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг.</verse>
				<verse number="15">Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого.</verse>
				<verse number="16">Бакъанимехалъ муридал ралъдал рагІалде ана.</verse>
				<verse number="17">Росодаги рекІун, гьел ралъдал добцояб рахъалда бугеб Капернаумалдехун ралагьун ана, дуниял рукІкІунеб мехалъги ГІиса вачІинчІелъул.</verse>
				<verse number="18">Ралъдада кутакаб гьури пуйзе байбихьана.</verse>
				<verse number="19">Гьедин рагІалдаса щуго-анлъго километралъ жанирегІан щвараб мехалъ, лъеда тІасан вилълъун вачІун росода аскІове щолев вихьана гьезда ГІиса. ГІасиго хІинкъана гьел.</verse>
				<verse number="20">— ХІинкъуге, дун вуго, — ян абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="21">Гьевги росониве лъугьинавизе бокьун букІана гьезие, амма гьебсагІатго раса ралъдал рагІалде щун батана.</verse>
				<verse number="22">Ралъдал добаб рагІалда хутІун рукІарал гІадамаз нахъисеб къоялъ бицана, нолъ гьаниб цо гурони расаги букІинчІин, жиндирго муридазда цадахъ ГІиса росода рекІуневги вихьичІин, гьесул муридал жалго анин.</verse>
				<verse number="23">Тибериадаялдаса, русбузда рекІун, гІемерал гІадамал рачІана, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца чед гІемерлъизабураб бакІалде.</verse>
				<verse number="24">Амма гьенир я ГІиса, яги гьесул муридал ратичІеб мехалъ, русбуздаги рекІун, Капернаумалде ана гьел, ГІиса валагьизе.</verse>
				<verse number="25">Ралъдал добцояб рагІалда гьев ватараб мехалъ: — Я, Рабби, мун кин гьаниве вачІарав? — ан гьикъана гьез.</verse>
				<verse number="26">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир мугІжизатал ричІчІидал гуро нуж гьанире рачІун ругел, доб чед кванан, гІорцІидал рачІун руго.</verse>
				<verse number="27">ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул — Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада.</verse>
				<verse number="28">Аллагь разилъизе жидеца щиб гьабизе кколебилан гьикъана гьез ГІисада.</verse>
				<verse number="29">ГІисаца жаваб кьуна: — Аллагь разилъизе нуж божизе ккола гьес нужехъе витІарав чиясда.</verse>
				<verse number="30">— Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? — ан гьикъана гьез ГІисада.</verse>
				<verse number="31">— ГІицІаб авлахъалде ккедал, нилъер умумуз кваналаан зобалаздасан рещтІараб нигІмат. «Зобалаздасан рещтІинабун чед кьуна гьес гьезие», — абун хъван буго гьелъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="32">ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Мусаца гуро нужее зобалаздасан чед кьураб, амма дир Инсуца нужее кьолеб буго унго-унгояб зобалазулаб чед.</verse>
				<verse number="33">Аллагьасдасан бачІараб чед ккола зобалаздасан рещтІараб ва гІаламалъе чІаголъи кьолеб чед.</verse>
				<verse number="34">Гьез абуна: — Я, БетІерчІахъад, кидаго кье гьединаб чед.</verse>
				<verse number="35">ГІисаца абуна: — Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо.</verse>
				<verse number="36">Амма дица нужеда абичІищ, гІаламат бихьаниги, нуж дида божун гьечІилан.</verse>
				<verse number="37">Инсуца дихъе кьуравщинав чи дихъе вачІина, дихъе вачІарав цониги чи дица нахъе гъеларо.</verse>
				<verse number="38">Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал.</verse>
				<verse number="39">Гьесул амру буго духъе кьуразул цонигияв вилизе-тІагІине виччагейилан. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе ккола.</verse>
				<verse number="40">Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго.</verse>
				<verse number="41">Ягьудиял ГІисаде ццин бахъун гаргадизе лъугьана жив зобалаздасан бачІараб чед кколин абунин гьесилан.</verse>
				<verse number="42">Гьез цоцазда абулеб букІана: — Юсупил вас ГІиса гурищ гьав чи? Нилъеда лъикІго лъалагури гьасул эменги эбелги. Гьале жив зобалаздасан вачІанилан вуго.</verse>
				<verse number="43">— Щай нуж ццин бахъун гаргадулел? — ан абуна ГІисаца гьезда.</verse>
				<verse number="44">— Цониги чи дида аскІове вачІине рес гьечІо, дун витІарав дир Инсуца гьев дихъе щвезавичІони. Дица гьев къиямасеб къоялъ чІаголъизавизе ккола.</verse>
				<verse number="45">Аварагзабазул ТІухьдузда буго: «Гьезда киназдаго Аллагьас малъила», — ян. Дир Инсуца малъараб босаравщинав чи дида аскІове вачІуна.</verse>
				<verse number="46">Дица абулеб гьечІо Эмен лъиданиги вихьанилан. Аллагьасдасан вачІарасда гурони, цо лъиданиги вихьичІо Эмен.</verse>
				<verse number="47">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: иман лъурасе абадияб гІумру буго.</verse>
				<verse number="48">Дун вуго чІаголъи кьолеб чед.</verse>
				<verse number="49">Нужер умумуз доб гІицІаб авлахъалда квана зобалаздасан рещтІараб нигІмат, амма гьел хвана.</verse>
				<verse number="50">Гьанже зобалаздасан рещтІун буго гьеб кварав чи киданиги холареб чед.</verse>
				<verse number="51">Дун вуго зобалаздасан рещтІараб ва чІаголъи кьолеб чед. Гьеб чед кварав чи абадул абадиялъ чІаго вукІина. Дица гьесие кьезе бугеб чед — гьеб буго гьаб гІалам чІаго букІине гІоло кьезе бугеб дир Черх.</verse>
				<verse number="52">Гьебмехалъ ягьудиязда гьоркьоб кІудияб дагІба ккана жиндирго черх кинин гьас нилъее кваназе кьолебилан.</verse>
				<verse number="53">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимадул Черхги квинчІони, гьесул Биги гьекъечІони, нужер гІумру букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="54">Дир Черхги кварав, дир Биги гьекъарав чиясе абадияб гІумру буго. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавила.</verse>
				<verse number="55">Дир Черх буго хІакъаб квен, дир Би буго хІакъаб жа.</verse>
				<verse number="56">Дир Черх кванарав ва дир Би гьекъарав чи дилъ вукІине вуго, дунги гьесулъ вукІине вуго.</verse>
				<verse number="57">Щайгурелъул ЧІагояв Эмен — Аллагьас витІарав дун гьесдалъун чІаго вугев гІадин, дир Черх кванарав чи дидалъун чІаго вукІина.</verse>
				<verse number="58">Гьеле гьединаб буго зобалаздасан рещтІараб чед. Нужер умумуз кванана чед ва гьел хвана. Амма гьаб чед кванарав чиясе абадияб гІумру буго.</verse>
				<verse number="59">Гьеб хабар ГІисаца бицана Капернаумалъул синагогаялъуб.</verse>
				<verse number="60">Гьеб рагІидал, ГІисал гІемерисел муридаз цоцазда абуна: — Гьединаб жо букІине рес гьечІо! Лъица гьеб къабул гьабилеб? — ан.</verse>
				<verse number="61">Жиндир хабаралъ муридал гьедин гаргадизе тІамун рукІин лъайдал, ГІисаца гьезда абуна: — Гьадаб дир хабаралъ къварид гьарун ругоха нуж.</verse>
				<verse number="62">Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб?</verse>
				<verse number="63">РухІалъ кьола чІаголъи. Амма инсанасул мунагьаб напсалъ чІаголъи кьоларо. Дир рагІабазулъан бачІуна нужехъе рухІги чІаголъиги.</verse>
				<verse number="64">Амма нужеда гъорлъ руго гьелда божуларелги. (ГІисада цебеккунго лъалаан щив жинда божулев гьечІевали, щив жиндие хилиплъилевали.)</verse>
				<verse number="65">ГІисаца абуна: — Гьединлъидал гурищ цебеги дица нужеда абураб, лъиданиги кІоларин дихъе вачІине, дир Инсуца гьелъие рес рекъезабичІони.</verse>
				<verse number="66">Гьелдаса хадур гІемерисел муридал нахъе ана ва тІокІал гьесда хадур инчІо.</verse>
				<verse number="67">Гьебмехалъ анцІила кІиявго муридасда гьикъана ГІисаца нужееги нахъе ине бокьун гьечІебищилан.</verse>
				<verse number="68">Симон Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад, лъихъе ниж инел? Дуцалъидал рицунел ругел абадияб гІумру насиблъулел рагІаби.</verse>
				<verse number="69">Ниж божана ва нижеда бичІчІана мун Аллагьасул мукъадасав илчи вукІин.</verse>
				<verse number="70">ГІисаца абуна: — Дицалъидал нужер анцІила кІиявго чи тІаса вищарав. Амма нужеда гьоркьов цо илбисги вугевха!</verse>
				<verse number="71">Гьес гьедин абулеб букІана Симонил вас Ягьуда Искариотил хІакъалъулъ. АнцІила кІигоясда гьоркьов вукІаниги, гьев хилиплъизе хъван букІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Гьелдаса хадув ГІиса Галилеялъул росабалъе ва шагьаразде хьвадана. Ягьудиялде ине гьесие бокьичІо, — гьев чІвазе хІаракат бахъулеб букІиндалха ягьудияз.</verse>
				<verse number="2">ЖугьутІазул Хъощал раялъул байрам тІаде щолеб букІана.</verse>
				<verse number="3">Жиндирго вацаз ГІисада абуна: — Гьаниса вахъун Ягьудиялде а дуца гьарулел ишал дурго муридаздаги рихьизе.</verse>
				<verse number="4">Гьунар бугев чияс гьеб бахчуларо, гІадамазда бихьизабула. Гьединал хІикматал ишал гьаризе бугеб дурго гьунар гІаламалдаго бихьизабе.</verse>
				<verse number="5">(Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.)</verse>
				<verse number="6">ГІисаца гьезда абуна: — Дир заман жеги тІаде щун гьечІо, амма нужее бокьараб заман данде ккола.</verse>
				<verse number="7">ГІаламалда нуж рихине рес гьечІо, амма дун гІаламалда рихун вуго. Дица нугІлъи гьабулеб бугелъул гІаламалъулго квешал ишазе.</verse>
				<verse number="8">Байрамалде а нужго. Амма гьеб байрамалде дун вачІинаро, дир заман жеги тІаде щун гьечІо.</verse>
				<verse number="9">Гьедин гьездаги абун, ГІиса Галилеялдаго чІана.</verse>
				<verse number="10">Амма вацал байрамалде индал, гІадамазда вихьиларедухъ, балъгого ГІисаги вахъана гьезда хадув къватІиве.</verse>
				<verse number="11">Ягьудияз ГІиса валагьулев вукІана гьеб байрамалда. — Дов чи кивдай вугев? — ан гьикъулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="12">ГІадамазул руккалилъги гІемер бицунеб букІана гьесул хІакъалъулъ. ЛъикІав чи вугилан цояз абулеб букІана, гІадамал махсароде кколев чи вугилан цогидаз абулеб букІана.</verse>
				<verse number="13">Амма балъго-гІатІго гурони ГІисал цІар бахъизе ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъулел рукІана гьел.</verse>
				<verse number="14">Байрамалъул чанго къо индал, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьун вачІана ва вагІза-насихІат гьабизе байбихьана.</verse>
				<verse number="15">Лъиданиги аскІове ун гІелму лъазабичІев чиясда ТІухьдузда бугеб кисандай лъанаян хІикмалъун рукІана ягьудиял.</verse>
				<verse number="16">ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб гІелму дир гуро, дун витІарав Аллагьасул буго.</verse>
				<verse number="17">Аллагьасул амру тІубазабизе бокьарав чиясда лъала гьаб гІелму дицаго ургъун бахъарабищ яги Аллагьасдасан бачІарабищали.</verse>
				<verse number="18">Жинцаго ургъун бахъарабгун цеве вахъунев чиясул мурад букІуна жиндиего цІар-рецц гьаби. Жив витІарасе цІар-рецц гьабизе бокьарав чи ритІухъав вукІуна, гьереси гьесул букІунаро.</verse>
				<verse number="19">Мусаца гурищ нужее къанун тараб? Амма нужер цонигияс цІунулеб гьечІо къанун. Щай нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб бугеб?</verse>
				<verse number="20">ГІадамаз ахІулеб букІана: — Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? — ан.</verse>
				<verse number="21">ГІисаца абуна гьебмехалъ: — Дица цохІо мугІжизат бихьизабуна, нуж киналго абуни жеги-жеги гьелда гІажаиблъун руго.</verse>
				<verse number="22">Мусал къануналъ малъулеб буго сунат гьабеян. (Гьебги Мусадасан бачІараб гІадат гуро, гьесде щвезегІанго умумузул букІараб буго.) Шамат къоялъги гьабулагуриха нужеца сунат.</verse>
				<verse number="23">Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел?</verse>
				<verse number="24">ТІасан балагьун кьоге къимат, хІакъикъатги цІехон кье.</verse>
				<verse number="25">Гьебмехалъ Иерусалималдаса цо-цо гІадамаз абуна: — ЧІухІби-хІакимзабаз чІвазе валагьулев вугев чицин гурищ гьадав?</verse>
				<verse number="26">Балагье, халкъалда цеве вахъун кІалъалев вуго, лъицаниги щибниги абулебги гьечІо гьесда. ЧІухІби-хІакимзабазда лъалеб батила хІакъикъаталдаги дов МасихІ вукІин.</verse>
				<verse number="27">Амма нилъеда лъалагури дов кисаяли. ХІакъикъияв МасихІ вачІараб мехалъ, лъиданиги лъалеб рагІуларо гьев кисаяли.</verse>
				<verse number="28">Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана: — Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо.</verse>
				<verse number="29">Амма дида лъала Гьев: Гьесда аскІоса вачІана дун. Гьес витІана дун.</verse>
				<verse number="30">Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо.</verse>
				<verse number="31">Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана: — МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал?</verse>
				<verse number="32">ГІисал хІакъалъулъ гьедин абулеб рагІана фарисеязда. Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги фарисеязги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби ритІана ккун вачун гьевгун рачІайилан.</verse>
				<verse number="33">ГІисаца абуна: — ГІемераб заман хутІун гьечІо дие нужеда цадахъ вукІине, кватІичІого ина дунго витІарасда аскІове.</verse>
				<verse number="34">КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ.</verse>
				<verse number="35">Гьеб рагІидал, ягьудияз цоцазда гьикъулеб букІана: — Киве инедай гьасие бокьун бугеб? Нилъеда гьев ватулареб бакІгІаги щибдай? Греказул шагьаразда ругел дол нилъеразда аскІове инецин гуродай гьасда ракІалда бугеб, добаги жиндирго дин малъизе?</verse>
				<verse number="36">«КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ» — ан гьес абиялъул магІна щибдай?</verse>
				<verse number="37">Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: — Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе.</verse>
				<verse number="38">ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила.</verse>
				<verse number="39">Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул.</verse>
				<verse number="40">Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан.</verse>
				<verse number="41">Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана.</verse>
				<verse number="42">ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ — Бетлегьемалда — гьавилин гьев.</verse>
				<verse number="43">Гьедин ГІисал бицун дагІба-рагІи ккана гьел гІадамазда гьоркьоб.</verse>
				<verse number="44">ГІиса ккун вачун жанив тІамизе бокьаралги рукІана гьенир. Амма гьесда квер хъвазе кІвечІо лъиданиги.</verse>
				<verse number="45">ЧІахІиял кашишзабазухъеги фарисеязухъеги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби тІадруссун рачІараб мехалъ, ГІиса щай вачинчІевилан гьикъана гьезда.</verse>
				<verse number="46">Хъаравулзабаз жаваб кьуна: — Додин кІалъалев чи жеги киданиги рагІичІо нижеда, — ян.</verse>
				<verse number="47">— Унго нужгийищха гьес гуккарал? — ан абуна фарисеяз. —</verse>
				<verse number="48">ЧІухІби-хІакимзабазулги фарисеязулги цониги чи досда божун рихьанищ?</verse>
				<verse number="49">Досда божула къануналъул хІакъалъулъ жидеда щибниги лъаларел жагьилал гІадамал, нагІана батагийин гьезие!</verse>
				<verse number="50">Гьезда гьоркьов вукІана добмехалъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги. Гьес абуна:</verse>
				<verse number="51">— Нилъер къануналда рекъон чиясда гІайиб чІвазе бегьулебищ, ахІун аскІовегун цин гьес бицунелъухъ гІенеккичІого ва гьесул ишалъул цІех-рехги гьабичІого?</verse>
				<verse number="52">— Мунги Галилеялдаса ватила, — ян абуна гьесда гьез. — Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале. [</verse>
				<verse number="53">Цинги гьел рикьа-риххун рокъо-рокъоре ана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Зайтуналъул магІарде ана ГІиса.</verse>
				<verse number="2">Нахъисеб къоялъ радалго вачІана гьев Мукъадасаб Рокъове. ТІолабго халкъ бакІарана гьесда аскІобе. ГІодов чІун гьезие вагІза-насихІат гьабизе ГІисаги лъугьана.</verse>
				<verse number="3">Диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисахъе ячун ячІана росасе хилиплъун, зина гьабулаго тІадккурай цо чІужугІадан. ГІадамазда цее яхъун чІезаюна гьез гьей.</verse>
				<verse number="4">Цинги гьез ГІисада абуна: — Я, МугІалим! Зина гьабулей ятана гьай гІадан.</verse>
				<verse number="5">Мусаца жиндирго къануналда нижее амру гьабун буго гьадинал руччаби ганчІал речІчІун чІвазе кколин. Дуца щибилан абилеб?</verse>
				<verse number="6">ГІисада гІайиб чІвазе рес ккелародайилан ургъунго кьураб суал букІана гьеб. ГІодовеги къулун, чІарбида килщица цо щибалиго хъвалев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="7">Нахъеги гьез добго суал кьедал, тІаде ворхун, гьес абуна: — Нужеда гьоркьоса цониги мунагь гьабичІев чияс речІчІе гьелда тІоцебе гамачІ.</verse>
				<verse number="8">Нахъеги гІодовеги къулун, чІарбида хъвадаризе лъугьана гьев.</verse>
				<verse number="9">Гьеб рагІидал, гьел цо-цоккун рахъун къватІире ана, чІахІияздасан байбихьун. ГІисаги гьесда цее эхетарай дой гІаданги хутІана гьенир.</verse>
				<verse number="10">ТІаде ворхун, ГІисаца гьелда гьикъана: — Йо, чІужугІадан, кире арал дол? Цониги чи хутІичІевищ дуе тамихІ гьабизе?</verse>
				<verse number="11">— ХутІичІо, БетІерчІахъад, — абун жаваб кьуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна: — Дицаги гьабиларо дуе тамихІ. А дурго гьанже. Гьанжеялдаса хадуб тІокІаб мунагьги гьабуге.]</verse>
				<verse number="12">Гьадинаб вагІза-насихІатги гьабуна ГІисаца гьезие: — Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур. Дида нахъвилълъарав цониги чи бецІлъуда хьвадизе гьечІо. ГІумру гвангъизабулеб Нур гьесда цадахъ букІине бугелъул.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ фарисеяз абуна: — Дуцаго дуего гьабулеб бугеб дур нугІлъи кьучІаб букІунаро.</verse>
				<verse number="14">ГІисаца абуна: — Дицаго дирго хІакъалъулъ гьабулеб бугониги, гьеб нугІлъи кьучІаб буго, дида лъалелъул дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. Нужеда лъаларо дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали.</verse>
				<verse number="15">Нужеца суд гьабула гІадамаз гІадин, амма дица лъиениги суд гьабуларо.</verse>
				<verse number="16">Дица суд гьабунигицин, гьеб ритІухъаб букІина, дун дунго цохІо гьечІелъул, дун витІарав Эменги вугелъул дида цадахъ.</verse>
				<verse number="17">Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан.</verse>
				<verse number="18">Дицаги гьабулеб буго диего нугІлъи, дун витІарав дир Инсуцаги гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="19">— Дур эмен кив вугев? — ан гьикъана гьесда. ГІисаца жаваб кьуна: — Я, дун, яги дир Эмен нужеда лъаларо. Дун лъалевани, дир Эменги лъалаан нужеда.</verse>
				<verse number="20">Гьеб вагІза-насихІат ГІисаца гьабуна Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъуб, садакъадул гІарац лъолеб гъансида аскІов вахъунги чІун. Лъицаниги кквечІо гьев, жеги гьелъие болжал щун букІинчІо.</verse>
				<verse number="21">Гьанжеги ГІисаца гьезда абуна: — Дун нужеда аскІоса ине вуго. Дун валагьулел рукІина нуж, амма гьедин мунагьазул цІовухъе хвела, дун араб бакІалде рачІинеги кІвеларо нужеда.</verse>
				<verse number="22">Ягьудияз абуна: — Живго жинцаго чІвазехъинцин вугодай? Дун араб бакІалде рачІине нужеда кІвеларинги абулеб буго.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьезда абуна: — Нуж руго гІодор рижарал, дун вуго тІасан вачІарав. Нуж руго гьаб дуниялалъул чагІи, дун гьаб дуниялалъул чи гуро.</verse>
				<verse number="24">Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб нуж мунагьазул цІовухъе хвезе ругилан. Дов — Дун вукІиналда божичІони, мунагьазул цІовухъе хвела нуж.</verse>
				<verse number="25">— Мун щивха кколев? — ан гьикъана гьез. ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дун щивали авалалдаса бахъарабго бицана дица нужеда.</verse>
				<verse number="26">Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев!</verse>
				<verse number="27">Гьезда бичІчІичІо Инсул хІакъалъулъ бицунеб букІин.</verse>
				<verse number="28">Цоги ГІисаца абуна: — ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов — Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи.</verse>
				<verse number="29">Дун ВитІаравги дунгун цадахъ вуго. Гьес дун дунго цохІо течІо, гьев разилъулебщинаб иш гьабулеб бугелъул дица кидаго.</verse>
				<verse number="30">ГІисаца гьедин абидал, гІемераз иман лъуна гьесде.</verse>
				<verse number="31">Жинде иман лъурал ягьудиязда ГІисаца абуна: — Дир рагІи нужеца рекІелъ цІунани, унго-унгоял дир муридал рукІина нуж.</verse>
				<verse number="32">ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила.</verse>
				<verse number="33">Гьез абуна: — Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб?</verse>
				<verse number="34">ГІисаца жаваб кьуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: мунагь гьабуравщинав чи ккола мунагьалъул лагъ.</verse>
				<verse number="35">Масала, цо пуланав лагъ жиндирго бетІергьанасул рокъов кидаго гуро вукІунев, амма вас инсул рокъов кидаго вукІуна.</verse>
				<verse number="36">Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж.</verse>
				<verse number="37">Дида лъала нуж Ибрагьимил наслу букІин. Амма нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб буго, дир рагІи нужер ургьибе унеб гьечІелъул.</verse>
				<verse number="38">Дица нужеда малъулеб буго дир Инсуда аскІоб дида бихьараб къагІидаялъ. Нужецайин абуни гьабулеб буго нужерго инсудасан рагІараб къагІидаялъ.</verse>
				<verse number="39">— Нижер эмен Ибрагьим вуго, — ян абуна гьез. ГІисаца абуна: — Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца.</verse>
				<verse number="40">Нужецани дун — Аллагьасдасан рагІараб хІакъаб рагІи нужеда бицарав чи — чІвазе къасд гьабулеб буго. Амма Ибрагьимица гьединаб иш гьабичІо.</verse>
				<verse number="41">Нужерго инсуца гьабураб гьабулеб буго нужеца. Гьез абуна: — Ниж зинаялдасан ккарал гуро. Нижер цо эмен вуго — Аллагь!</verse>
				<verse number="42">ГІисаца гьезда абуна: — Нужер эмен Аллагь вукІаравани, нужее дун вокьилаан. Дун Аллагьасдасан вачІун рещтІарав вугелъул гьаниве. Дунго лъикІав лъугьун вачІинчІо дун, гьес витІун вачІана.</verse>
				<verse number="43">Нужеда дир рагІи бичІчІулеб гьечІо, нужеда гьеб рагІизе рес гьечІелъул.</verse>
				<verse number="44">Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси — гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул.</verse>
				<verse number="45">Дида нуж божулел гьечІо, дица битІараб бицунеб бугелъул.</verse>
				<verse number="46">Нужер цониги чиясда кІвелищ мунагь бугин дидайилан абизе? Дица битІараб бицунеб бугеб мехалъги щай нуж дида божуларел?</verse>
				<verse number="47">Аллагьасдасан вачІарав чи Аллагьасул рагІухъги гІенеккула. Нуж Аллагьасдасан ругелал гурелъул, нуж гІенеккулел гьечІо.</verse>
				<verse number="48">Ягьудияз гьесда абуна: — Мун самарияв вугин ва жундуз ккунги вугин абун нижеда гьоркьоб тІибитІун бугеб хабарги гьересийищха?</verse>
				<verse number="49">ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дун жундуз ккун гьечІо. Дица дирго Эмен кІодо гьавулев вуго, нужецайин абуни, дун хІакъир гьавулев вуго.</verse>
				<verse number="50">Амма дун рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро. Дие рецц-бакъ гьабизе бокьаравги вугевха, гьес гьабила нужее суд.</verse>
				<verse number="51">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо.</verse>
				<verse number="52">Ягьудияз гьесда абуна: — Гьанже тІубанго хІакълъана нижее мун жундуз ккун вугевлъи. Ибрагьим хвана, цогидал аварагзабиги хвана. Дуцани абулеб буго дур рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІилан.</verse>
				<verse number="53">Нижер эмен Ибрагьимидасаги цІакъав чийищха мун кколев? Цогидал аварагзабаздасаги цІакъав чийищха? Ибрагьимги хвана, гьел цоялги хвана. Мун щив гьедигІан кутакав чи?</verse>
				<verse number="54">ГІисаца жаваб кьуна: — Дицаго диего рецц-бакъ гьабуни, гьеб букІина гІададисеб чІанда-хабар. Нижер Аллагьилан нужеца абулев дир Инсуца гьабулеб буго дие рецц-бакъ.</verse>
				<verse number="55">Нужеда киданиги лъалароан Гьев. Амма дида Гьев лъала. Дида Гьев лъаларилан дица абуни, дунги вукІина нужеда релълъарав гьерсихъан. Дида Гьев лъала ва Гьесул рагІи рекІелъ цІунун буго дица.</verse>
				<verse number="56">Нужер эмен Ибрагьим цІакъ вохана, дун вачІараб къо бихьидал. Гьесда бихьана дун вачІараб къо ва гьелдаса вохана.</verse>
				<verse number="57">Гьебмехалъ ягьудияз гьесда абуна: — Жеги кІикъоялда анцІго сонцин бачІев дуда Ибрагьим кин вихьулев?</verse>
				<verse number="58">ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жеги Ибрагьим авараг вахъиналдего вукІана дун.</verse>
				<verse number="59">Гьесда речІчІизе ганчІал кодоре росана гьебмехалъ ягьудияз. ГІиса гІадамазул руккалилъ вахчана ва Мукъадасаб Рокъоса къватІиве ана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Гьениса унаго ГІисада ватана эбелалъ гьавуралдасаго бецав цо чи.</verse>
				<verse number="2">ГІисада муридаз гьикъана, гьев чиясул мунагь букІунищ яги гьесул эбел-инсул мунагь букІунищ эбелалъул ургьивго гьев бецав вугев.</verse>
				<verse number="3">ГІисаца абуна: — Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев.</verse>
				<verse number="4">Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо.</verse>
				<verse number="5">Гьаб дуниялалда дун вугебгІан заманаялъ гьаб дуниялалъе Нур ккола дун.</verse>
				<verse number="6">Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда.</verse>
				<verse number="7">Цинги ГІисаца гьесда абуна: — ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, — ян. Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи.</verse>
				<verse number="8">Гьесул мадугьалзабазги къватІахъ гьарделев гьев вихьаразги цоцазда гьикъулеб букІана дова садакъа гьарулев вукІарав бецав чи гурищ гьавилан.</verse>
				<verse number="9">Уйилан абулеб букІана цо-цояз, цогидаз абуна дов гурин, досда релълъарав чи вугилан. Жив вугин гьевилан абуна гьес.</verse>
				<verse number="10">— Кинха дуда канлъи бихьараб? — ан гьикъана гьез гьесда.</verse>
				<verse number="11">Гьес жаваб кьуна: — Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана.</verse>
				<verse number="12">Гьев чи кив вугевилан гьикъидал, жинда лъаларилан абуна гьес.</verse>
				<verse number="13">Бецав вукІун канлъи бихьарав гьев чи фарисеязухъе вачана гьез.</verse>
				<verse number="14">(ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.)</verse>
				<verse number="15">Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан.</verse>
				<verse number="16">Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал,</verse>
				<verse number="17">дов бецав вукІун канлъи бихьарав чиясда гьикъана гьез нахъеги: — Дур бецал беразда канлъи бихьизабурав чиясул хІакъалъулъ щиб дуца абилеб? Авараг вугин довилан кьуна гьес жаваб.</verse>
				<verse number="18">Ягьудиязе бокьун букІинчІо бецав вукІун гьев чиясда канлъи бихьанилан абураб жоялда божизе. Хадув чи витІун гьесул эбелги эменги ахІана гьенире.</verse>
				<verse number="19">Цинги гьезда гьикъана: — Эбелалъул ургьисаго бецав вукІанилан нужеца бицунев гьав чи нужер васищ? Гьасул беразда канлъи кин бихьарабали лъалебищ нужеда?</verse>
				<verse number="20">Эбелалъги инсуцаги абуна нижеда лъала гьев чи нижер вас вугевлъи ва эбелалъул ургьисаго бецав вукІаравлъиги.</verse>
				<verse number="21">Амма гьесда гьанже канлъи щай бихьулеб бугебалиги ва лъица гьев сахлъизавуравалиги нижеда лъаларо. Гьесда жиндаго гьикъе. Балугъав чи вуго, жинцаго бицине биччанте. (</verse>
				<verse number="22">Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан.</verse>
				<verse number="23">Гьединлъидалин гьаз абураб жидер вас балугъав чи вугин, гьесда жиндаго гьикъейилан.)</verse>
				<verse number="24">Ягьудияз нахъеги аскІове ахІун, гьесда абуна: — Аллагьасда цебе гьереси бицунге! Нижеда лъарабин мун сахлъизавурав чи мунагьазул цІурав чи вугевлъи.</verse>
				<verse number="25">Гьес абуна: — Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги.</verse>
				<verse number="26">Нахъеги гьикъана гьесда: — Щиб дос дуе гьабураб? Кин дос дур беразда канлъи бихьизабураб?</verse>
				<verse number="27">Гьес жаваб кьуна: — Дица бицунеб мехалъ гІенеккунищ нуж рукІинчІел? Цоги нухалъ гьелъухъ гІенеккун щай нужее? Яги досул муридаллъун лъугьинейищ нужееги бокьун бугеб?</verse>
				<verse number="28">— Нижни Мусал муридал руго. Мун вуго досул муридлъун лъугьун! — ан тІаделъана гьесде фарисеял.</verse>
				<verse number="29">— Нижеда лъала Мусада Аллагь кІалъаравлъи, довин абуни, киса-щивалицин лъаларев чи вуго.</verse>
				<verse number="30">Бецав вукІун канлъи бихьарас абуна гьезда: — ХІикматаб жо буго нужеда дов киса-щивали лъалеб гьечІолъи. Амма дос дир беразда канлъи бихьизабуна.</verse>
				<verse number="31">Нилъеда лъала мунагь-хІакъалъул агьлуялъухъ Аллагь гІенеккуларевлъи. Аллагь гІенеккула жиндие мутІигІав, жиндир амру тІубазабулев чиясухъ.</verse>
				<verse number="32">Киданиги рагІун букІинчІо эбелалъул ургьисаго бецав чиясда лъицаниги канлъи бихьизабун бугилан.</verse>
				<verse number="33">Дов чи Аллагьасдасан вачІарав вукІинчІевани, щибго гьабун бажарилароан досухъа.</verse>
				<verse number="34">Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев.</verse>
				<verse number="35">Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана.</verse>
				<verse number="36">Гьес жаваб кьуна: — Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ?</verse>
				<verse number="37">ГІисаца гьесда абуна: — Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго.</verse>
				<verse number="38">— Я, БетІерчІахъад, дуда божула! — ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана.</verse>
				<verse number="39">ГІисаца абуна: — Гьаб дуниялалде дун суд гьабизе вачІун вуго: бецазда канлъи бихьизе, канлъи бихьулелал бецлъизе.</verse>
				<verse number="40">Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан.</verse>
				<verse number="41">ГІисаца гьезда абуна: — Нуж бецал рукІаралани, нужее мунагь букІинароан. Канлъи бихьулилан нужеца абулеб бугелъул, мунагь тІаса инаро нужедаса.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуцІихъан гурони, цогидаб бакІалдасан гІиял чолониве лъугьарав чи ккола цІогьор яги хъачагъ.</verse>
				<verse number="2">НуцІихъан вачІуна гьезул вехь.</verse>
				<verse number="3">ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала.</verse>
				<verse number="4">Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул.</verse>
				<verse number="5">Амма цогидав чиясда хадуб унаро рехъен, гьесда аскІоса лъутула чахъаби, чияр гьаракь гьезда лъаларелъул.</verse>
				<verse number="6">Гьеб мисал бачун, ГІисаца сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали бичІчІичІо гьезда.</verse>
				<verse number="7">ГІисаца цоги абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун вуго чахъабазул чолол кІалтІа бугеб нуцІа.</verse>
				<verse number="8">Дун вачІиналде рукІарал киналго руго цІогьалги хъачагъалги. Гьединлъидал чахъаби гьезухъ гІенеккичІо.</verse>
				<verse number="9">Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела.</verse>
				<verse number="10">ЦІогьор вачІунаро — бикъизе, чІвазе, хвезабизе гурони. Дун вачІун вуго гІумру кьезе, гьарзаяб гІумру кьезе.</verse>
				<verse number="11">Дун вуго лъикІав вехь. ЛъикІав вехьас чахъабазе гІоло рухІги кьола.</verse>
				<verse number="12">[12-13] Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул.</verse>
				<verse number="13"></verse>
				<verse number="14">Дун вуго лъикІав вехь. Дида дирго чахъабиги лъала, дирго чахъабазда дунги лъала.</verse>
				<verse number="15">Гьелдаго релълъун, дир Инсуда дунги лъала, дида Эменги лъала. Дица дирго рухІги кьела чахъабазе гІоло.</verse>
				<verse number="16">Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина.</verse>
				<verse number="17">ЦІидасан нахъе щвезелъун дица дирго рухІ кьолеб бугелъулин Инсуе дун вокьулев.</verse>
				<verse number="18">Лъицаниги тІамулев гьечІо дун дирго рухІ кьезе. Дицаго кьолеб буго дица гьеб. Дир ихтияр буго рухІ кьезеги, кьуни — гьеб нахъе босизеги буго дир ихтияр. Гьедин амру гьабуна дие Инсуца.</verse>
				<verse number="19">Гьеб рагІидал, ягьудиязул нахъеги дагІба-рагІи ккана.</verse>
				<verse number="20">ГІемерисез абулеб букІана жундуз бетІер сверизабун бугин гьесул, гьесухъ гІенеккиго щайин нужеейилан.</verse>
				<verse number="21">Цогидаз абулеб букІана жундуз ккурав чи гІадин кІалъалев гьечІин. Жундузда кІолебищин бецал беразда канлъи бихьизабизе.</verse>
				<verse number="22">ТІаде щвана Иерусалималда ЦІилъиялъул байрам тІобитІулеб къо. Хасало заман букІана гьеб.</verse>
				<verse number="23">Мукъадасаб Рокъове вачІун, Сулайманил рагъида дове-гьаниве хьвадулев вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="24">ТІаде гурун рачІун, ягьудияз гьесда абуна: — КидалъагІан дуца ниж щакдаризе тІамилел? Мун МасихІ ватани, рагьун абе нижеда!</verse>
				<verse number="25">ГІисаца абуна: — Дица абунагури нужеда, амма нуж божичІо. Дир Инсуца тІамун, дица гьарулел ругел ишаз нугІлъи гьабулеб бугогури дие.</verse>
				<verse number="26">Дир рехъадул чахъаби гурелъул, божулел гьечІо нуж.</verse>
				<verse number="27">Дир чахъабазда дир гьаракь рагІула, дида гьелги лъала ва гьел дида хадурги рачІуна.</verse>
				<verse number="28">Дица гьезие абадияб гІумруги кьола. Гьел абадул абадиялъго хвезе гьечІо ва лъиданиги кІвеларо гьел дида кодоса рахъизе.</verse>
				<verse number="29">Дихъе гьел кьурав дир Эмен вуго бищунго хІалкІолъи кІудияв БетІергьан. Лъиданиги кІвеларо гьел дир Инсуда кодоса рахъизе.</verse>
				<verse number="30">Дир Эменги дунги — цого руго.</verse>
				<verse number="31">Гьебмехалъ ягьудияз ГІисада речІчІизе нахъеги ганчІал кодоре росана.</verse>
				<verse number="32">ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсул амруялдалъун гІемерал лъикІал ишал гьаруна дица нужеда цере. Гьел ишазул кинабаб сабаблъунха нужеца дида ганчІал речІчІизехъин ругел?</verse>
				<verse number="33">Ягьудияз гьесие жаваб кьуна: — Дуца гьабураб лъикІлъиялъухъ гуро нижеца дуда ганчІал речІчІизехъин ругел. Аллагьасде дандечІарал гІасиял-пасикъал рагІабазухъ речІчІулел руго. Инсан вугониги, дуцаго мунго Аллагьлъун рикІкІунев вуго.</verse>
				<verse number="34">ГІисаца гьезда абуна: — Нужер къануналда хъван гьечІищ гьадинаб калима: «Дица абуна нуж аллагьзаби ругилан».</verse>
				<verse number="35">[35-36] ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб?</verse>
				<verse number="36"></verse>
				<verse number="37">Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб гьечІеб батани, божуге нуж дида.</verse>
				<verse number="38">Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб бугелъул, дида божичІони, дир ишаздагІаги божа. Гьебмехалъ лъала ва бичІчІила дилъ дирго Эмен вукІин ва дирго Инсулъ дун вукІин.</verse>
				<verse number="39">ГІиса кквезейилан лъугьана нахъеги ягьудиял, амма гьезда кодоса ворчІана гьев.</verse>
				<verse number="40">ГІиса нахъеги Иорданалъул добцояб рахъалде, ЯхІяца гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІараб бакІалде, ана ва гьенив чІана.</verse>
				<verse number="41">Гьениреги гІемерал гІадамал рачІана ГІисада хадур. Гьез абулеб букІана: — ЯхІяца цониги мугІжизат бихьизабичІо, амма гьав Чиясул хІакъалъулъ гьес абураб щибаб рагІи битІараб букІун буго.</verse>
				<verse number="42">Гьенире рачІаразул гІемерисез ГІисаде иман лъуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана.</verse>
				<verse number="2">Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар.</verse>
				<verse number="3">Яцаз ГІисахъе ругьел битІана: «Я, БетІерчІахъад, дуе хирияв чи унтун вуго», — ян.</verse>
				<verse number="4">Гьеб ругьел бачІиндал, ГІисаца абуна: — Гьеб унтуца Лазар холаро. Гьеб буго Аллагь машгьурлъизе ва Аллагьасул Васас живго гьелдалъун машгьурлъизавизе Лазариде тІамураб унти.</verse>
				<verse number="5">Марямги, гьелъул яцги, Лазарги цІакъ рокьулаан ГІисае.</verse>
				<verse number="6">Гьев унтун вугилан рагІидалги, кІиго къоялъ гьенивго чІана ГІиса.</verse>
				<verse number="7">Цинги гьес муридазда абуна Ягьудиялде тІадруссине кколилан.</verse>
				<verse number="8">Муридаз абуна: — Я, Рабби, Ягьудиялда дуда ганчІал речІчІизехъин рукІаралдаса гІемер заман инчІогури. Гьениве тІадвуссине щай дуе бокьун бугеб?</verse>
				<verse number="9">ГІисаца абуна: — Цо къоялъе букІуна анцІила кІиго сагІат. Къад сапаралде вахъарав чи хІетІе тункун гІодов кколаро, нухда гьесие канлъи букІунелъул.</verse>
				<verse number="10">Амма сардилъ сапаралде вахъарав чиясул хІетІе тарула, нухда канлъи букІунарелъул.</verse>
				<verse number="11">Цоги гьес абуна: — Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун.</verse>
				<verse number="12">Муридаз абуна: — Я, БетІерчІахъад, кьижун ккарав ватани, мадар лъугьина гьесул.</verse>
				<verse number="13">ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан.</verse>
				<verse number="14">Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан.</verse>
				<verse number="15">— Нужер талихІ ккана дун дова вукІинчІолъи, гьанже нужее рес ккела дида божизе. Рилълъа доре.</verse>
				<verse number="16">«КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна: — Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе!</verse>
				<verse number="17">ГІиса Бетаниялде щведал, Лазар хабалъ вукъаралдаса ункъо къо бан батана.</verse>
				<verse number="18">Иерусалималдаса Бетаниялде лъабго километр гурони букІинчІо.</verse>
				<verse number="19">Мартахъеги Марямихъеги вацасул зигараялъ Иерусалималдаса рачІарал гІемерал ягьудиялги рукІана гьенир.</verse>
				<verse number="20">ГІиса вачІунев вугилан рагІидал, Марямги магІирокъойго тун, Марта ана гьесда данде.</verse>
				<verse number="21">Мартаца ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац!</verse>
				<verse number="22">Амма гьанжеги ракІчІун лъала дида дур кинаб букІаниги гьари-дугІа Аллагьас нахъчІвалареблъи.</verse>
				<verse number="23">Дур вац хваралъуса вахъине вугилан абуна гьелда ГІисаца.</verse>
				<verse number="24">Мартаца абуна къиямасеб къоялъ гьев тІаде вахъуневлъи жиндаги лъалин.</verse>
				<verse number="25">ГІисаца гьелда абуна: — Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила.</verse>
				<verse number="26">Гьаб дуниялалда вугевщинав дида божулев чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. Гьелда мун божулищ? — ан гьикъана ГІисаца.</verse>
				<verse number="27">Гьелъ жаваб кьуна: — Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда.</verse>
				<verse number="28">Гьединги абун, рокъое ана Марта. Цогидаздаса балъго гьелъ Марямида абуна МугІалим вачІун вугин ва гьес мун ахІулей йигин.</verse>
				<verse number="29">ГьебсагІат ГІисада аскІое ине гІедегІун къватІие яхъана Марям.</verse>
				<verse number="30">Росулъеги лъугьинчІого, Марта жинда данде ячІараб бакІалда чІун вукІана ГІиса.</verse>
				<verse number="31">Марям гІедегІун къватІие яхъун уней йихьидал, зигараялъ рачІун рукІарал ягьудиязда ккана вацасухъ гІодизе хабаде уней ятилин гьейилан. Гьелги ана Марямида хадур рахъун.</verse>
				<verse number="32">ГІисада аскІое щведал, гьесул хІатІазда цее кІалагъоркье речІчІун, Марямица гІодилаго абуна: — Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац!</verse>
				<verse number="33">ГІодулей Марямги гьелда цадахъ гІодулел гІадамалги рихьун, цІакъго ракІбакъван, къварилъахъдана ГІиса.</verse>
				<verse number="34">— Кив нужеца гьев вукъарав? — ан гьикъана ГІисаца. — Я, БетІерчІахъад, вилълъа дудаго бихьизабизе, — ян абуна гьез.</verse>
				<verse number="35">ГІиса гІодана гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="36">ГІиса гІодулев вихьидал, гІадамаз абуна Лазар гьасие вокьулев вукІун вугеб куц бихьуларищилан.</verse>
				<verse number="37">Бецасда канлъи бихьизабурав чиясда Лазар хвалдаса ворчІизавизеги кІвелаанилан абуна цо-цояз.</verse>
				<verse number="38">Дагьабги ракІбакъван, ГІиса Лазарил хабаде ана. Хоб букІана нохъода жаниб, кІалтІа гамачІги букІана.</verse>
				<verse number="39">ГІисаца абуна гьеб гамачІ нахъе босейилан. Хварасул яц Мартаца абуна: — Я, БетІерчІахъад, Лазар вукъаралдаса ункъабилеб къо буго, махІ бахъун батила.</verse>
				<verse number="40">ГІисаца гьелда абуна: — Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян.</verse>
				<verse number="41">ГамачІ нахъе босана. Зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен, дица дуе рецц гьабулеб буго гьари-дугІа дуда рагІаралъухъ.</verse>
				<verse number="42">Дида лъалаан дир гьари-дугІа дуда кидаго рагІизе букІин. Дица гьадин абулеб буго дун дуца витІаравлъи гьанир дида аскІор ругезда лъазе.</verse>
				<verse number="43">Цинги ГІисаца ахІана: — Лазар! КъватІиве вачІа! — ян.</verse>
				<verse number="44">Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. — Гьасдаса мусрал риче, — ян абуна ГІисаца, — ва рокъове ваче.</verse>
				<verse number="45">Марямихъе зигараялъ рачІун рукІун ГІисал гьеб мугІжизат бихьарал гІемерал ягьудияз гьесде иман лъуна.</verse>
				<verse number="46">Амма цо-цояз, фарисеязухъе ун, бицана ГІисаца гьениб бихьизабураб мугІжизаталъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="47">Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялги тІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна: — Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда.</verse>
				<verse number="48">Додин виччан тани, кинабго халкъ досда хадуб ина. Цинги Рималъул боги бачІун, нилъер Мукъадасаб Рукъги щущазабила, халкъги гъурун тІагІинабила.</verse>
				<verse number="49">Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна: — Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха.</verse>
				<verse number="50">Нужеца пикру гьабулеб гьечІо тІолабго халкъ хун тІагІинабиялдаса халкъалъе гІоло цо чи хвезавиго лъикІаб букІиналъул.</verse>
				<verse number="51">Кайафал жиндирго гІакълу хадуб гІунтІун абурал рагІаби рукІинчІо гьел. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІиндал, кашпу-карамалъи щунин гьес абураб халкъалъе гІоло ГІиса хвезе вугилан.</verse>
				<verse number="52">ЦохІо халкъалъе гІоло гуревха. ТІолабго дуниялалда щущан ругел Аллагьасул лъимал данде ракІариялъе гІоло хвезе вуго ГІиса.</verse>
				<verse number="53">ГІиса чІвазе хІукму гьабуна гьеб къоялъ гьез.</verse>
				<verse number="54">Гьединлъидал гьанже тІатун хьвадулев вукІинчІо гьев Ягьудиялъул ракьалда. Гьениса вахъун, жиндирго муридалги рачун, ГІиса ана гІицІаб авлахъалъул рагІалда бугеб Эфраим абулеб шагьаралде.</verse>
				<verse number="55">ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе.</verse>
				<verse number="56">Гьез ГІиса валагьулев вукІана. Мукъадасаб Рокъоре лъугьиндал, гьез цоцазда цІехолеб букІана: — ГІиса вачІинадай Пасхаялъул байрамалде? Дидани вачІинин кколаро. Дуда кин кколеб?</verse>
				<verse number="57">ЧІахІиял кашишзабазги фарисеязги буюрухъ кьун букІана нагагь ГІиса вугеб бакІ лъарав чияс жидеда лъазабеян, жидеца гьев, ккун вачун, жанив тІамизе вугилан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде.</verse>
				<verse number="2">Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун.</verse>
				<verse number="3">Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ.</verse>
				<verse number="4">Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна:</verse>
				<verse number="5">— Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб.</verse>
				<verse number="6">(Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.)</verse>
				<verse number="7">— Гьей жийго те, — ян абуна ГІисаца. — Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах.</verse>
				<verse number="8">Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев.</verse>
				<verse number="9">ГІемерал ягьудиязда лъана ГІиса Бетаниялда вугевлъи. Гьел гьенире рачІунел рукІана ГІиса вихьизе гуребги, хваралъуса гьес вахъинавурав Лазар вихьизеги.</verse>
				<verse number="10">Гьев Лазар чІвазеги хІукму гьабун букІана чІахІиял кашишзабаз,</verse>
				<verse number="11">гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал.</verse>
				<verse number="12">Нахъисеб къоялъ ГІиса Иерусалималде вачІунев вугилан рагІана байрамалде ракІарун рукІарал гІадамазда.</verse>
				<verse number="13">Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги!</verse>
				<verse number="14">Цо кІудияб кІерт батун, гьелда рекІана ГІиса, ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе:</verse>
				<verse number="15">— Сионил яс, мун хІинкъуге, ХІамил кІартида тІадги рекІун, ВачІунев вугевин дур ПарччахІ!</verse>
				<verse number="16">(Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.)</verse>
				<verse number="17">Гьес Лазар, хабалъа къватІиве ахІун, хваралъуса вахъинавулев вихьарал гІадамаз гьелъул хІакъалъулъ бицунеб букІана.</verse>
				<verse number="18">Гьеб мугІжизаталъул хабар рагІун букІиндалин гьедигІан гІемераб халкъ ГІисада данде бачІунеб букІараб.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал фарисеяз цоцазда абулеб букІана: — Балагье, нилъее пайда бахинчІо! ТІолабго халкъ досда хадуб унеб буго!</verse>
				<verse number="20">Байрамалъул къояз Иерусалималде зияраталъ грекалги рачІун рукІана.</verse>
				<verse number="21">Галилеялъул Бетсаида шагьаралдаса Филиппихъе ун, гьел греказ гьарана: — Я, бетІерчІахъад! ГІиса вихьизе бокьун буго нижее.</verse>
				<verse number="22">Андрейихъе ун Филиппица гьесда бицана гьеб. Цинги Андрейицаги Филиппицаги ГІисада бицана.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго.</verse>
				<verse number="24">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: хуриб хьараб ролъул мугь ракьулъе ккун хвечІони, гьеб жибго цохІо хутІула гьениб. Амма гьеб ракьулъе ккун хвани, гьелдасан лъугьараб ролъул тІорода гІемерал мугьал рижула.</verse>
				<verse number="25">Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила.</verse>
				<verse number="26">Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги.</verse>
				<verse number="27">Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе!</verse>
				<verse number="28">Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана: — Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила.</verse>
				<verse number="29">Гьениб букІараб халкъалдаги рагІана гьеб гьаракь. Цояз абуна зоб гъугъалеб гьаракь бугилан. Цогидаз абуна малаик вукІанин ГІисада кІалъалев.</verse>
				<verse number="30">ГІисаца гьезда абуна: — Гьадаб гьаракь дида рагІизе гуро зобалаздасан бахъараб, нужеда рагІизейин.</verse>
				<verse number="31">Гьаб дуниялалъе суд гьабулеб къо буго жакъа. Дуниялалъулго кверщелчи къватІиве вачахъулеб къо буго жакъа.</verse>
				<verse number="32">Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго.</verse>
				<verse number="33">(Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.)</verse>
				<verse number="34">Гьебмехалъ гІадамаз гьесда абуна: — «ГІадамил Лъимер, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавизе вугилан» щайха дуца абулеб бугеб? Щив кколев гьев ГІадамил Лъимер? Къануналдаса цІалулеб рагІана нижеда МасихІ нижгун абадиялъго хутІулилан.</verse>
				<verse number="35">ГІисаца гьезда абуна: — Жеги дагьаб заманаялъ Нуралъул канлъи нужгун хутІизе буго. Гьеб канлъи букІаго, хьваде нуж ракьалда, бецІлъи тІаде гІунтІилалде. БецІлъуда хьвадулесда лъаларо киве унев вугевали.</verse>
				<verse number="36">Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана.</verse>
				<verse number="37">Чан мугІжизатха ГІисаца гьезда бихьизабураб, амма гьел ГІисада божичІо.</verse>
				<verse number="38">Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ? Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?»</verse>
				<verse number="39">Гьединлъидалин гьел божичІел. Ишая аварагас цоги бакІалда гьадин абулебги буго:</verse>
				<verse number="40">«Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел».</verse>
				<verse number="41">ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин.</verse>
				<verse number="42">Бугониги, — цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун.</verse>
				<verse number="43">Аллагьасул хІурмат-цІаралдаса гьезие гІадамазул хІурмат-цІар хиралъана.</verse>
				<verse number="44">ГІисаца халкъалде ахІулеб букІана: — Дида божулев чи ккола, цохІо дида гуреб, хІакълъунго дун витІарав Аллагьасда божулев чи.</verse>
				<verse number="45">Дун вихьулев чиясда дун витІарав Аллагьги вихьулев вуго.</verse>
				<verse number="46">Дун вуго — Нур. Дун ракьалде вачІун вуго дида божарав цониги чи бецІлъуда хутІунгутІизе.</verse>
				<verse number="47">Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго.</verse>
				<verse number="48">Дунги дир рагІиги нахъчІварав чиясе суд дир рагІуца гьабизе буго къиямасеб къоялъ.</verse>
				<verse number="49">Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги.</verse>
				<verse number="50">Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Дуниял тун жиндирго Инсухъе ине заман гІагарлъулеб букІин лъалеб букІана ГІисада. Гьаб дуниялалда жинда божарал муридал рокьулаан гьесие. Гьале гьезде бугеб жиндирго рокьи тІубанго бихьизабула гьес.</verse>
				<verse number="2">Сардилъ кваназе гІодор чІун рукІана. (Гьелде щвелалдего Симонил вас Ягьуда Искариотил рекІелъе илбисалъ лъугьинабун букІана ГІисае хилиплъиялъул пикру.)</verse>
				<verse number="3">ГІисада лъалаан сундулго кверщел Инсуца жиндихъе кьун бугеблъи, жив Аллагьасдасан вачІаравлъи ва гьесухъе тІадвуссуневлъи.</verse>
				<verse number="4">ХІарччида нахъаса тІаде вахъун, ГІисаца халгІат тІаса рехана, рачлихъ квербацІцІ бухьана.</verse>
				<verse number="5">Цинги, тІарсинибе лъимги тІун, жиндирго муридазул хІатІал чуризе ва рачлихъ бухьун бугеб квербацІцІалъ гьел рацІцІине лъугьана ГІиса.</verse>
				<verse number="6">ХІатІал чуризе ГІиса аскІове вачІараб мехалъ, Симон Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад, дир хІатІал чуризехъинищха мун вугев?</verse>
				<verse number="7">— Дица гьабулеб бугеб жоялъул магІна дуда гьанже бичІчІуларо. Хадуб бичІчІила дуда гьеб, — ан абуна ГІисаца гьесда.</verse>
				<verse number="8">Пётрица абуна: — Киданиги риччаларо дица дуда дир хІатІал чуризе. ГІисаца абуна: — Дица гьанже дур хІатІал чуричІони, дида аскІоб бакІ букІине гьечІо дуе.</verse>
				<verse number="9">Симон Пётрица абуна гьебмехалъ: — Гьедин батани, БетІерчІахъад, хІатІал гурелги, квералги чуре дир, бетІерги чуре.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца абуна: — Чвердон вачІарав чиясул хІатІал гурони чуризе кколаро. Черх гьесул бацІцІадго букІуна. Нуж рацІцІадал руго, амма киналго гурелха.</verse>
				<verse number="11">ГІисада лъалеб букІана щив жиндие хилиплъизе вугевали. Гьединлъидал абуна гьес нуж киналго гурин рацІцІадал ругелилан.</verse>
				<verse number="12">Гьезул хІатІалги чурун, халгІатги ретІун, нахъеги гьезда аскІов гІодов чІараб мехалъ, ГІисаца абуна: — Дица нужер хІатІал чуриялъул магІна лъалищ нужеда?</verse>
				<verse number="13">Нужеца дида абула МугІалимилан ва ТІадегІанавилан. БитІараб буго гьеб. Гьединав чи вуго дун.</verse>
				<verse number="14">Гьедин дица, нужер МугІалимас ва ТІадегІанас, нужер хІатІал чурулел ругони, нужецаги чуризе ккола цоцазул хІатІал.</verse>
				<verse number="15">Дица нужеда мисал бихьизабулеб букІана, дица нужее гьабураб нужецаги гьабизе.</verse>
				<verse number="16">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул лагъ. Жив витІарасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул чапарги.</verse>
				<verse number="17">Гьардарал гурищ нуж, гьеб бичІчІани, гьедин гьабизеги гьабуни!</verse>
				<verse number="18">Дица нужер киназулго хІакъалъулъ гуро абулеб бугеб. Дида лъала дица щал тІаса рищаралали. Амма ТІехьалда бугеб гьадинаб калимаги ритІухълъизе биччанте: «Дида цадахъ чед кварас квер борхана дида данде».</verse>
				<verse number="19">Гьанже дица бицун толеб буго нужеда, дица бицухъе ккараб мехалъ, дун Дов вукІиналда нуж божизе.</verse>
				<verse number="20">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дица витІарасде иман лъурав чи ккола диде иман лъурав чи. Диде иман лъурав чи ккола дун витІарасде иман лъурав чи.</verse>
				<verse number="21">Гьел рагІаби абураб мехалъ, ГІисал хІал хисана. Гьес лъазабуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила.</verse>
				<verse number="22">Лъил хІакъалъулъдай ГІисаца гьеб абулеб бугебилан рихха-хочун цоцахъ ралагьана муридал.</verse>
				<verse number="23">ГІисае вокьулев цо мурид кваналев вукІана гьесул каранда цеве чІун.</verse>
				<verse number="24">Симон Пётрица гьев муридасде ишан гьабуна лъил хІакъалъулъ бицунеб бугебали дуца гьикъейилан.</verse>
				<verse number="25">ГІисал карандеги гьетІун, гьес гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, щив гьев?</verse>
				<verse number="26">ГІисаца жаваб кьуна: — СуркІиниб ччун дица чадил кесек кодобе кьурав чи вуго гьев. Босун, суркІинибги ччун, чадил кесек гьес кьуна Симонил вас Ягьуда Искариотихъе.</verse>
				<verse number="27">Гьеб чадил кесек кодобе босарабго, Ягьудал чорхолъе илбис лъугьана. Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: — Дурго гьабулеб иш дагьаб хехго гьабе, — ян.</verse>
				<verse number="28">Амма кваналел рукІаразул цонигиясда бичІчІичІо щай ГІисаца гьедин абурабали.</verse>
				<verse number="29">ГІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІиндал, цо-цоязда ккана байрамалде къваригІараб-тараб босизе яги цо мискинчиясе садакъа кьезе айилан абулеб бугин.</verse>
				<verse number="30">Чадил кесекги босун, Ягьуда вахъун къватІиве ана. Сордо нахълъараб заман букІана гьеб.</verse>
				<verse number="31">Ягьуда къватІиве аравго, ГІисаца абуна: — ГІадамил Лъимер машгьурлъана гьабсагІат. Гьесдалъун Аллагьги машгьурлъана.</verse>
				<verse number="32">Гьесдалъун Аллагь машгьурлъун вугелъул, живго ГІадамил Лъимерги машгьурлъиларищ Аллагьасдалъун. Аллагьас цІакъ хехго машгьур гьавила гьев.</verse>
				<verse number="33">Дир хириял лъимал, нужеда аскІов гІемераб мехалъ хутІиларо дун. Дун валагьулел рукІина нуж. Дица ягьудияздаги абуна дун унеб бакІалде нужеда рачІине кІоларилан, гьединго нужедаги абулеб буго гьанже: «Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ».</verse>
				<verse number="34">Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги.</verse>
				<verse number="35">Нуж цоцазе рокьулел рукІиналдасан киназдаго лъала нуж дир муридал рукІин. Симон Пётрица гьикъана: — Я, БетІерчІахъад! Киве инехъин мун вугев?</verse>
				<verse number="36">ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — Гьанже дун унев вугеб бакІалде дуда вачІине кІвезе гьечІо. Цинги нахъа вачІина мун.</verse>
				<verse number="37">Пётрица гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, гьанже щай кІолареб дида дуда хадув вачІине? Дуе гІоло дица рухІги кьела.</verse>
				<verse number="38">ГІисаца абуна: — Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">ГІисаца абуна: — РакІ къварилъун рукІунге нуж. Нужерго Аллагьасде иман лъе, дидеги иман лъе.</verse>
				<verse number="2">Дир Инсул минаялъур гІемерал рукъзал руго. Гьел гІемер рукІинчІелани, гьедин абилароан дица. Нужее гьениб бакІ къачІазе унев вуго дун.</verse>
				<verse number="3">Гьениб нужее бакІ къачІан бахъиндал, дун тІадвуссун вачІина нуж дидаго цадахъ рачине, нужги дида аскІор рукІине.</verse>
				<verse number="4">Дун унев вугеб бакІалде нух лъала нужеда.</verse>
				<verse number="5">Фомаца гьикъана гьесда: — Я, БетІерчІахъад! Нижеда мун унев вугеб бакІ лъалеб гьечІелъул, гьенибе нух кин нижеда лъалеб?</verse>
				<verse number="6">ГІисаца жаваб кьуна: — Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо.</verse>
				<verse number="7">Дун нужеда лъалев вугелъул, дир Эменги лъала нужеда. Жакъа къоялдаса нахъе нужеда гьев лъана ва нужеда гьев вихьана.</verse>
				<verse number="8">Филиппица абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьев дур Эмен вихьизаве нижеда. Гьебги гІела нижее.</verse>
				<verse number="9">ГІисаца абуна: — Гьабгощинаб мехалъ нужеда цадахъ вукІарав дун лъаларевищха, Филипп, дуда? Дун вихьарав чиясда дир Эменги вихьана. Дур Эмен вихьизавейилан щай дуца абулеб?</verse>
				<verse number="10">Мун божулагури дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги. Нужеда кІалъалаго дир кІалдисан бачІараб цониги рагІи дунго лъикІав лъугьун абичІо дица. Дир щибаб ишги дилъ вугев дир Инсуца гьабураб буго.</verse>
				<verse number="11">Дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги божа нуж. Гьелда божичІони, дир хІикматал ишаздагІаги божа.</verse>
				<verse number="12">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида божулев чиясда кІвезе буго дица гьабурабги гьабизе, жеги цІикІкІунги гьабизе, гьанже дун дирго Инсухъе ине вугелъул.</verse>
				<verse number="13">Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, — Васасдалъун Эмен машгьурлъизе.</verse>
				<verse number="14">Дир цІар рехсон нужеца щиб дида гьараниги, гьеб дица тІубазабила.</verse>
				<verse number="15">Дун нужее вокьулев ватани, дир амруязда рекъон хьваде.</verse>
				<verse number="16">Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб</verse>
				<verse number="17">РитІухълъиялъул РухІ. ГІаламалъ гьеб къабул гьабизе гьечІо, гІаламалда гьеб лъаларелъул, бихьуларелъул. Амма нужеда гьеб лъала, гьеб гьабсагІатги нужеда аскІоб бугелъул ва кидаго нужелъ букІинеги бугелъул.</verse>
				<verse number="18">Дица нуж бесдаллъун теларо. Дун нужехъе вачІина.</verse>
				<verse number="19">Цодагьаб мехалдасан дун ина гІаламалда вихьуларелъуве, амма нужеда дун вихьила. Дун чІаго вугелъул, нужги чІаго рукІина.</verse>
				<verse number="20">Гьеб къоялъ лъала нужеда дун дирго Инсулъ вугевлъи, нуж дилъ ругеллъи, дун нужелъги вугевлъи.</verse>
				<verse number="21">Дир амру жиндихъ бугев ва гьеб тІубазабун хьвадарав чи ккола дун вокьулев чи, дун вокьулев чи дир Инсуеги вокьила, диеги вокьила ва гьев чиясе дица дунго загьир гьавила.</verse>
				<verse number="22">Ягьудаца (Ягьуда Искариот гуро гьев) гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, гІаламалъего загьир гьавичІого, цохІо нижее мунго загьир гьавиялъул магІна щиб?</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — Дун вокьулев чияс дир рагІи рекІелъ цІунила, гьев дир Инсуе вокьила. Цинги ниж гьев чиясухъе рачІина, ва нижер чІей гьесухъ букІина.</verse>
				<verse number="24">Дун вокьуларев чияс дир рагІи рекІелъ цІунуларо, амма нужеда рагІараб рагІи дир гуро, дун витІарав дир Инсул буго.</verse>
				<verse number="25">Дун нужеда цадахъ вукІаго абун толеб буго дица гьеб.</verse>
				<verse number="26">Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила.</verse>
				<verse number="27">Дица нужее рекъел толеб буго, дирго рекъел кьолеб буго дица нужее, дуниялалъ кьолеб бугеб гІадин гуребха дица нужее гьеб кьолеб бугеб! РакІ къварилъун рукІунге ва хІинкъуге нуж!</verse>
				<verse number="28">Нужеда рагІанагури дица абулеб дун нужеда аскІоса инин ва нужеда аскІове тІадвуссун вачІинилан. Нужее дун вокьулев ватани, нуж рохизе ккола дица Инсухъе унев вугилан абидал. Дир Эмен дидаса гІемерго тІадегІанав вугелъул!</verse>
				<verse number="29">Дица нужеда цебеккунго бицун толеб буго, гьеб кинабго дица бицухъе лъугьараб мехалъ, нуж дида божизе.</verse>
				<verse number="30">Дагьаб заман хутІана дие нужгун кІалъазе. Дуниялалъулго кверщелчи тІаде щолев вуго, амма дун гьесул кверщаликь вугев чи гуро.</verse>
				<verse number="31">Дирго Эмен дие вокьулевлъи гІаламалда лъазе гІоло тІубазабула дица гьес дие амру гьабурабщинаб. Гьанже тІаде рахъа, гьаниса нахъе рилълъине ккола нилъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">ГІисаца абуна: — ХІакълъунго дун ккола цІолбол гъабу. Дир Эменги ккола ахикь гьеб чІарав ахихъан.</verse>
				<verse number="2">ТІад цІибил бижуларел дир чІорал гьес къунцІун нахъе рехула. ЦІибил бижулел чІорал гьес кІурула, гьезда тІад дагьабги цІикІкІун цІибил бижизе.</verse>
				<verse number="3">Дица нужеда абураб рагІудалъун нуж рацІцІалъун руго.</verse>
				<verse number="4">Нуж дилъ рукІа, дун нужелъги вукІина. Гъабудаса къунцІараб чІоралда цІибил бижулареб гІадин, дилъ рукІинчІони, нужедасаги щибго пайда букІинаро.</verse>
				<verse number="5">Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул.</verse>
				<verse number="6">Амма гьев чи дилъ гьечІони, цІолбол гъабуялдаса къунцІараб чІор гІадин, нахъе рехула гьев. Ахикьа ракІарун цІадаре ран рухІула гьединал чІорал.</verse>
				<verse number="7">Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина.</verse>
				<verse number="8">ЛъикІаб гъабуда цІибил цІикІкІун бижулеб гІадин, нужедаса пайдаги цІикІкІани ва нуж дир унго-унгоял муридаллъунги ругони, дир Инсул машгьурлъи цІикІкІина.</verse>
				<verse number="9">Инсуе дун вокьулев гІадин, дие нужги рокьула. Нужеде бугеб дир рокьи тІезе биччаге нужеца.</verse>
				<verse number="10">Дирго Инсул амру дица тІубазабидал, гьесул рокьи дидаса тІолеб гьечІеб гІадин, дир амру нужеца тІубазабуни, дир рокьиги тІезе гьечІо нужедаса.</verse>
				<verse number="11">Дица гьаб кинабго нужеда бицунеб буго, дир бугеб рохел кидаго нужераблъун хутІизе ва нужер рохел киданиги тІаса камунгутІизе.</verse>
				<verse number="12">Гьале нужее дир амру: дие нуж рокьулел гІадин, рокье нуж цоцазеги.</verse>
				<verse number="13">Гьудулзабазе гІоло жиндирго рухІ кьолев чиясулалдаса кІудияб рокьи букІунаро ракьалда.</verse>
				<verse number="14">Дир амруял нужеца тІуразаруни, нуж дир гьудулзаби руго.</verse>
				<verse number="15">Дица тІокІаб нужеда лагъзалилан абиларо, лагъасда лъаларелъул гьесул бетІергьанас щиб гьабулеб бугебали. Дица нужеда гьудулзабийилан абулеб буго, дир Инсудасан рагІарабщинаб дица нужеда лъазабидал.</verse>
				<verse number="16">Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги.</verse>
				<verse number="17">Гьале нужее дир амру: цоцазе рокьа нуж.</verse>
				<verse number="18">ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи.</verse>
				<verse number="19">Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул.</verse>
				<verse number="20">Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила.</verse>
				<verse number="21">Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь.</verse>
				<verse number="22">ВачІун дица гьезда бицун букІинчІебани, гьезие мунагь букІинароан, гьанже жидерго мунагь бахчизе гІилла-сабаб батиларо гьезда.</verse>
				<verse number="23">Дун рихарасда дир Эменги рихина.</verse>
				<verse number="24">Цогидаздасан киданиги загьирлъичІел мугІжизатал дица гьезда рихьизарун рукІинчІелани, гьезие мунагь букІинароан. Амма гьеб кинабго бихьаниги, рихун руго гьезда дунги дир Эменги.</verse>
				<verse number="25">Гьаб кинабго лъугьунеб буго гьезул къануналда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «ГІиллаго гьечІого рихана гьезда Дун».</verse>
				<verse number="26">Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие.</verse>
				<verse number="27">Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Гьеб кинабго дица нужее бицунеб буго нуж къосинчІого хутІизе.</verse>
				<verse number="2">Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго.</verse>
				<verse number="3">Гьез гьеб гьабила я дун, яги дир Эмен гьезда лъачІелъул.</verse>
				<verse number="4">Дица нужеда гьаб бицун толеб буго, гьединаб заман бачІараб мехалъ гьалъул хІакъалъулъги ГІисаца нижеда бицун букІанилан нужеда ракІалде щвезе. Дун нужеда цадахъ вукІиндал бицун букІинчІо дица гьеб нужее гьанжелъизегІан.</verse>
				<verse number="5">Гьанже дун унев вуго дун ВитІарасухъе, ва нужер цонигияс гьикъиларо мун киве унев вугевилан.</verse>
				<verse number="6">Гьале, дица гьеб бицараб мехалъ, нужер рекІелъе пашманлъи лъугьана.</verse>
				<verse number="7">Амма хІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун ун лъикІ нужее. Дун инчІони, нужер ракІбатизабулеб РухІ бачІине гьечІо. Инеги ун, дицайин нужехъе гьеб битІизе бугеб.</verse>
				<verse number="8">БачІун гьелъ загьирлъизарила гІаламалъул мунагьалги, дир ритІухълъиги, суд гьабулеб къо тІаде гІунтІулеб букІинги.</verse>
				<verse number="9">«ГІаламалъул мунагьаздасан» бичІчІула — диде иман лъечІолъи;</verse>
				<verse number="10">«дир ритІухълъиялдасан» бичІчІула — дун дирго Инсухъе унев вукІинги тІокІав нужеда вихьизе гьечІевлъиги.</verse>
				<verse number="11">«Суд гьабулеб къоялдасан» бичІчІула — гьаб дуниялалъул кверщелчиясе тамихІ гьабун букІин.</verse>
				<verse number="12">ГІемераб жо бугоан дир нужеда бицине, амма гьеб кинабго жеги нужер ургьибе унаро.</verse>
				<verse number="13">ХІакъабщинаб загьирлъулеб РухІ рещтІараб мехалъ, гьелъ бицина нужее хІакъабщиналъул. Жибго лъикІаб лъугьун гурелъул гьеб кІалъазе бугеб, жиндаго рагІарабщинаблъидал гьелъ бицине бугеб нужехъе рещтІараб мехалъ.</verse>
				<verse number="14">Гьеб РухІалъ дун машгьурлъизавила. Дихъ бугебаб, дихъаги босун, нужее загьир гьабила гьелъ.</verse>
				<verse number="15">Дир Инсул бугебщинаб дирги буго. Гьединлъидалин дица абураб дихъ бугебаб, дихъа босун, нужее загьир гьабулеб бугин гьелъилан.</verse>
				<verse number="16">КватІичІого дун нужеда вихьуларелъуве ина. Цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьила нужеда дун.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ цо-цо муридазда гьоркьоб гьадинаб кІалъай ккана: — КватІичІого жив нужеда вихьуларелъуве инилан, цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьилилан абулеб буго, жиндирго Инсухъе иналъул бицунеб буго. Гьелъул магІнагІаги щибдай?</verse>
				<verse number="18">Цоги гьез абулеб букІана: — КватІичІогойилан абураб рагІул магІна щибдай? Гьес бицунеб жо нилъеда бичІчІулеб гьечІогури.</verse>
				<verse number="19">Жиндие суалал кьезе муридазе бокьун бугеблъи лъан, ГІисаца гьезда абуна: — КватІичІого вихьуларелъуве инин, цинги гІемер кватІичІого вихьизеги вихьилин абурал дир рагІабазул магІна лъазе бокьун гурищ нуж цоцазда цІехолдулел ругел?</verse>
				<verse number="20">ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида хадур магІаби гьарун гІодила нуж. Амма гІалам бохила. Нуж пашманлъила, амма гьеб нужер пашманлъи рохелалде сверила.</verse>
				<verse number="21">Лъимер гьабизе заман щун, хІара чІварай чІужугІаданалъе гІазаб букІуна. Амма лъимер гьабурабго, гьеб гІазабги кІочон тун, гьей йохула гьаб дуниялалде цоги инсан вачІинавунин жинцайилан.</verse>
				<verse number="22">Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо.</verse>
				<verse number="23">Гьеб къоялъ нужеца дида щибниги гьикъиларо. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужеца щиб гьараниги, дир цІаралъе гІоло, кьела нужее дир Инсуца.</verse>
				<verse number="24">Дир цІар рехсон нужеца гьанжелъагІан щибниги гьаричІо. Гьанже гьаре нужерго, гьарараб щвела, нужер рохелги тІаса камиларо.</verse>
				<verse number="25">Гьаб киналъулго хІакъалъулъ мисал бачун бицунаан нужеда дица. Амма тІаде щолеб буго, мисалал рачинчІого, Инсул хІакъалъулъ рагьун нужеда лъазабизе бегьулеб заман.</verse>
				<verse number="26">Гьеб къоялъ дир цІар рехсон гьардела нуж. Нужер рахъалъ Инсуда щибниги гьарилилан абулеб гьечІо дица нужеда.</verse>
				<verse number="27">Дир Инсуе жиндиегоги рокьула нуж, нужее дунги вокьидал ва дун Аллагьас витІун вукІиналдаги божидал.</verse>
				<verse number="28">Дун Инсуца витІун вачІана гьаб дуниялалде, гьанже, дуниялги тун, Инсухъе тІадвуссун унев вуго.</verse>
				<verse number="29">— Гьанже нижеда бичІчІуледухъ, цониги мисал бачинчІого, бицунеб бугоха дуца, — ян абуна муридаз. —</verse>
				<verse number="30">Нижеда бичІчІана дуе суал кьелалдего дуда кинабго лъалеблъи. Гьединлъидал ниж божула мун Аллагьас витІарав вукІиналда.</verse>
				<verse number="31">— Гьанже божанищ нуж? — ан абуна ГІисаца. —</verse>
				<verse number="32">Гьале тІаде щолеб буго, дунги вукІаралъув тун, нуж рахъ-рахъалде тІурун унеб заман. ТІаде щунго буго гьеб! Амма дун дунго цохІо хутІизе гьечІо, дида цадахъ дир Эмен вугелъул.</verse>
				<verse number="33">Дица гьаб нужеда бицана, дилъ нужеда рекъел батизе. Гьаб дуниялалда нужее гІазаб-гІакъуба букІина. Амма нуж къвакІун чІа. Дун гьаб дуниялалдаса бергьана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="17">
				<verse number="1">Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе.</verse>
				<verse number="2">ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе.</verse>
				<verse number="3">Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай.</verse>
				<verse number="4">Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна.</verse>
				<verse number="5">Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун.</verse>
				<verse number="6">ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана.</verse>
				<verse number="7">Гьанже гьезда лъана дуца дие кьурабщинаб дудасан бугеблъи.</verse>
				<verse number="8">Дуца дихъе кьурал рагІаби дица гьезие кьуна, гьез гьел къабулги гьаруна. ХІакълъунго гьезда бичІчІана дун дудасан вачІарав вукІин ва дун дуца витІун вукІиналдаги божана.</verse>
				<verse number="9">Гьезие гІоло гьарулеб буго дица дуда. Дуниялалда ругел киналго гІадамазе гІоло гуреб, дуца дихъе кьуразе гІолойин, гьел дур ругелъул.</verse>
				<verse number="10">Дир ругелщинал дур руго, дур ругелщинал дирги руго. Гьезулъги машгьурлъана дун.</verse>
				<verse number="11">Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун.</verse>
				<verse number="12">Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал.</verse>
				<verse number="13">Гьанже дун духъе вачІунев вуго. Дун дуниялалда вугебгІан заманаялъ дица гьаб гьазда бицунеб буго, дидаса бугеб гьазул рохел тІаса камунгутІизе.</verse>
				<verse number="14">Дица дур рагІи гьазухъе кьуна ва гьаб гІаламалда рихана гьал, дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гурелъул.</verse>
				<verse number="15">Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица.</verse>
				<verse number="16">Дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гуро.</verse>
				<verse number="17">ХІакъаб къудраталдалъун дуца гьал дуе хъулухъалъе ратІа гьаре. Дур рагІи хІакъаб буго.</verse>
				<verse number="18">Дуца дун гІаламалъухъе витІарав гІадин, дица гьалги гІаламалъухъе ритІулел руго.</verse>
				<verse number="19">Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре.</verse>
				<verse number="20">ЦохІо гьазул рахъалъ гуребги, гьазул рагІудалъун диде иман лъезе бугелщиназул рахъалъги гьарулеб буго дица:</verse>
				<verse number="21">Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, — дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, — дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе.</verse>
				<verse number="22">Дуца дие кьураб машгьурлъи дица гьазиеги кьуна. Дунги Мунги гІадин цолъун рукІине риччанте гьалги.</verse>
				<verse number="23">Дун гьазулъ вукІина, мун дилъги вукІина, риччанте гьал тІубанго цоцалъ цолъун рукІине ва гьелдалъун гІаламалда лъазе дун дуца витІун вукІаравлъиги ва дун гІадин дуе гьал рокьулеллъиги.</verse>
				<verse number="24">Я, дир Эмен! Гьанир дуца дихъе кьурал гІадамал гьенирги дида аскІор рукІине бокьун буго дие. Дуниял бижилелдего вокьулев вукІиндалха дуе дун. Дуца дун машгьурлъизави гьазда бихьизе.</verse>
				<verse number="25">Я, дир РитІухъав Эмен! ГІаламалда мун лъачІо, амма дида лъала мун, гьаздаги лъана дун дуца витІаравлъи.</verse>
				<verse number="26">Дур хІакъалъулъ рагьун бицана дица гьал гІадамазда, хадубккунги бицина, дуца дие кьураб рокьи гьазиеги гІахьалаб букІине ва дун гьазулъ хутІизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="18">
				<verse number="1">Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана.</verse>
				<verse number="2">Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве.</verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги.</verse>
				<verse number="4">Гьениб жиндие ккезе бугебщинаб цебеккунго лъалев ГІисаца, данде ун, гьезда гьикъана: — Щив нужеца валагьулев вугев? — абун.</verse>
				<verse number="5">— Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, — ян жаваб кьуна гьез. — Дун вуго Дов, — ан абуна ГІисаца. Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов.</verse>
				<verse number="6">Жив Дов вугилан ГІисаца абидал, киналго нахъегІан къана ва ракьалда гІодор ккана.</verse>
				<verse number="7">Нахъеги гьикъана гьезда щив валагьулев вугевилан. Гьез абуна Назареталдаса ГІиса валагьулев вугилан.</verse>
				<verse number="8">ГІисаца абуна: — Дица абунагури нужеда дун Дов вугилан. Дун валагьулев вугев ватани, гьал нахъе риччай.</verse>
				<verse number="9">(Гьедин гьес абуна жинцаго дугІадулъ рехсараб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Дуца дихъе кьуразул цонигияв хвалде ине виччачІого цІунана дица».)</verse>
				<verse number="10">Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.)</verse>
				<verse number="11">— Дуца хвалчен лъалиниб лъе, — ян абуна ГІисаца Пётрида. — Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица?</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ азарилбетІерасги, Рималъул рагъухъабазги, ягьудиязул Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазги, кквезеги ккун, вухь-вухьана ГІиса.</verse>
				<verse number="13">Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде.</verse>
				<verse number="14">Гьев Кайафа вукІана тІолабго халкъ хвеялдаса цо чи хвей лъикІилан добмехалъ ягьудиязе гІакълу кьурав чи.</verse>
				<verse number="15">ГІисада хаду-хадур рачІунел рукІана Симон Пётрги цоги муридги. Гьев мурид кІудияв кашишасда лъалев чи вукІиндал, ГІисада хадув гьесул азбаралъуве лъугьана.</verse>
				<verse number="16">Пётр къватІивехун кавудахъ чІун вукІана. Цинги кІудияв кашишасда лъалев дов мурид къватІиве вачІана ва, кІалтІа хъаравуллъиялда йикІарай ясалдаги абун, Пётрги азбаралъуве виччазавуна.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ гьей ясалъ Пётрида гьикъана: — Гьадав чиясул муридцин гурищ мунги? Гурилан абуна Пётрица.</verse>
				<verse number="18">Квачараб сордо букІана гьеб. Лагъзадерицаги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабацаги азбаралъуб цІа бакана. Пётрги чІана гьезда аскІов цІадухъ.</verse>
				<verse number="19">КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="20">ГІисаца гьесда абуна: — Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан.</verse>
				<verse number="21">Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали.</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул: — Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? — анги абун.</verse>
				<verse number="23">ГІисаца гьесда абуна: — Дица мекъи абулеб бугеб батани, дуца гьал киназдаго цебе гьеб мекъи букІин чІезабе. Дица битІараб бицунеб бугеб батани, дуца дида кьабиялъе гІилла щиб?</verse>
				<verse number="24">Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца.</verse>
				<verse number="25">Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана. — Мунги досул муридищ? — ан гьикъана цояс. Гурилан нагІадала ккуна гьес.</verse>
				<verse number="26">КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана: — Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун?</verse>
				<verse number="27">Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана.</verse>
				<verse number="28">Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел.</verse>
				<verse number="29">Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес.</verse>
				<verse number="30">Гьав такъсирчи вукІинчІевани, нижеца духъе вачинароанилан жаваб кьуна гьесие ягьудияз.</verse>
				<verse number="31">Пилатица абуна: — Вачун нужерго къануналда рекъон къотІе гьесие хІукму. Ягьудияз абуна чи чІвазе къотІизе жидер ихтияр гьечІилан.</verse>
				<verse number="32">(Гьеб гьедин ккана живго кин холевали ГІисаца цебеккунго бицун букІарабги ритІухълъизе гІоло.)</verse>
				<verse number="33">Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве. — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? — абун гьикъана гьесда Пилатица.</verse>
				<verse number="34">ГІисацаги данде суал кьуна: — Дудаго ракІалде ккунищ дуца гьедин абулеб бугеб, яги цогидазищ дуда дир хІакъалъулъ гьедин бицараб?</verse>
				<verse number="35">Пилатица жаваб кьуна: — Дун жугьутІавиланищ дуда ккарав? Дур халкъалъги чІахІиял кашишзабазги кьуна мун дихъе. Щиб дуца гьабураб?</verse>
				<verse number="36">ГІисаца жаваб кьуна: — Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб.</verse>
				<verse number="37">Пилатица абуна: — Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? — Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь.</verse>
				<verse number="38">«ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула — Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, — ян абуна гьес гьезда. —</verse>
				<verse number="39">Пасхаялъул хІурматалда цо туснахъ къватІиве виччалеб гІадатги цІунун, гьадав «жугьутІазул ПарччахІ» нахъе виччазе бокьилищ нужее?</verse>
				<verse number="40">— Гьев виччаге, Барабба виччай! — ян ахІана гьез. (Барабба вукІана хъачагъ.)</verse>
			</chapter>
			<chapter number="19">
				<verse number="1">Пилатица амру гьабуна, гьениса нахъе вачун, ГІиса цІалаца вухейилан.</verse>
				<verse number="2">Рагъухъабаз зазил хьухьун таж лъуна ГІисал ботІрода. БецІбагІараб ххамил гІабаги рехана гьесул мугъзаде.</verse>
				<verse number="3">Цинги аскІоре рачІун: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» — ян ахІулаго, ГІисал гьумер бухулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="4">Пилатица, нахъеги къватІиве вачІун, ягьудиязда абуна: — ГІенеккея, дица дов къватІиве вачунев вуго, досда тІад гІайиб чІезабизе дида кІвечІеблъи нужеда лъан букІине.</verse>
				<verse number="5">Зазил тажги ботІрода лъун, багІараб гІабаги мугъзаде рехун, вачун вачІана ГІиса. — Гьале гьев чи! — ян абуна Пилатица.</verse>
				<verse number="6">Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: — Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе.</verse>
				<verse number="7">Ягьудияз гьесда абуна: — Нижерги нижерго къанун буго. Нижер къануналда рекъон гьев чІвазе ккола, гьес жив Аллагьасул Вас вугилан абулеб бугелъул.</verse>
				<verse number="8">Гьедин гьез абулеб рагІидал, Пилат дагьавги цІакъ хІинкъана.</verse>
				<verse number="9">ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда: — Мун киса? — ян. ГІисаца жаваб кьечІо.</verse>
				<verse number="10">Пилатица гьесда абуна: — Дида кІалъаларилан чІунищ мун вугев? Дуда лъаларищ, дие бокьани, мун хъанчида вазе яги нахъе виччазе дир ихтияр букІин?</verse>
				<verse number="11">ГІисаца жаваб кьуна: — Аллагьасул къадар гьединаб букІинчІебани, дие щибниги гьабизе ихтияр букІинароан дур. Дуеялдаса цІикІкІараб мунагь букІина дун духъе кьуразе.</verse>
				<verse number="12">ГІисаца гьедин абидал, Пилатица хІаракат бахъулеб букІана гьев нахъе виччазе. Амма ягьудиял ахІдолел рукІана: — Дуца гьев нахъе виччани, къайсарасул гьудул вукІинароха мун. Живго парччахІлъун рикІкІунев чи — гьев ккола къайсарасда дандечІарав чи!</verse>
				<verse number="13">Ягьудияз гьедин абидал, Пилатица ГІиса къватІиве вачана. ГамачІ ккураб къотІнов (жугьутІ мацІалда гьелда цІар букІана «Габбата») суд гьабизе вахунеб тахида тІад гІодов чІана Пилат.</verse>
				<verse number="14">Гьеб букІана Пасхаялда цебесеб къоялъул къалъул гІуж. Пилатица ягьудиязда абуна: — Гьале нужер парччахІ!</verse>
				<verse number="15">Гьез ахІулеб букІана: — ВитІе, витІе, хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: — Нужер ПарччахІ хъанчида вазе витІизе бегьилищ дица? ЧІахІиял кашишзабаз ахІана: — Къайсар тун батІияв парччахІ гьечІо нижер!</verse>
				<verse number="16">Ахирги Пилатица ГІиса хъанчида вазе гьезухъе кьуна. Гьевги вачун рагъухъабиги ана.</verse>
				<verse number="17">Жиндирго хъанчги баччун, «Гвангвара» абулеб бакІалде (жугьутІазул мацІалда гьеб бакІалда цІар букІана «Голгота») вачана ГІиса.</verse>
				<verse number="18">Гьенив гьев хъанчида вана. КІиго чиги вана ГІисада цадахъ хъанчида: цо кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. ГІиса бакьулъе ккана.</verse>
				<verse number="19">Пилатица амру гьабун букІана: «Назареталдаса ГІиса — жугьутІазул парччахІ» абун хъвараб хъарщи чІвайин ГІисал хъанчида.</verse>
				<verse number="20">ЖугьутІазул, греказул ва латиназул мацІалда хъван букІиндал, гІемерал ягьудияз цІалана гьеб. Гьеб бакІ шагьаралде гІагардаго букІиндал, гІемерав чи вачІун вукІана гьениве.</verse>
				<verse number="21">Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабаз Пилатида абуна: — «ЖугьутІазул парччахІ» — абун хъвазе бегьулароан букІараб. Гьелда хъвазе ккола «Гьас абулеб букІана жив жугьутІазул парччахІ вугилан».</verse>
				<verse number="22">— Дица хъвавухъе те, — ян абуна Пилатица.</verse>
				<verse number="23">ГІисаги хъанчида ван, рагъухъабаз гьесул ретІел жидеего босана ва ункъасдаго гьоркьоб бикьана. Къвалалгун цадахъ бессун гьабураб, букъараб бакІго гьечІеб халатаб сугърал гурдеги щвана гьезие.</verse>
				<verse number="24">Гьез хІукму гьабуна тІутІун хвезабичІого, можоро бахъун бергьарасе тезе. Гьедин гьабизеги гьабуна рагъухъабаз, ва ТІехьалда хъван букІараб гьадинаб калима ритІухълъана: «Дир ретІел гьез жидедаго гьоркьоб бикьана. Дир гурде лъие щвелебали можоро тІамуна гьез».</verse>
				<verse number="25">ГІисал хъанчида цере рахъун чІун рукІана гьесул эбелги, гьесул эбелалъул яцги, Клеопал чІужу Марямги, Магдалаялдаса Марямги.</verse>
				<verse number="26">Эбелги жиндие вокьулев муридги гьенир чІун рихьидал, жиндирго эбелалда ГІисаца абуна: — Я, дир эбел! Гьалеха дур вас! — ан.</verse>
				<verse number="27">Цинги гьес гьев муридасда абуна гьанже гьей дур эбел кколилан. Гьев муридас нахъа ГІисал эбел жиндаго аскІое ячана.</verse>
				<verse number="28">Гьелдаса хадубги ГІисада лъана кинабго ТІухьдуз бицухъе кколеб букІин. ТІехьалда бугеб ритІухълъизе гьес абуна жив къечон вугилан.</verse>
				<verse number="29">ЦІекІаб чогърол цІураб парччи букІана рагъухъабазухъ. Гьеб чогъролъ чІортоги ччун, иссоп абулеб цо гъотІодаса къотІараб гІералда бухьун, гьеб ГІисал кІутІбузда хъвазабуна.</verse>
				<verse number="30">Чогърол тІагІам мацІалде бачІиндал: «ТІубана!» — ян абуна ГІисаца. Гьесул бетІер каранде далана ва рухІ босун ана.</verse>
				<verse number="31">Гьеб букІана рузман къо. Ягьудиязе бокьичІо гьезул къаркъалаби шамат къоялъги хъанчазда равухъе тезе. (Гьеб шамат къо кІудияб байрамалъул къо букІана.) Гьединлъидал гьез Пилатида гьарана бохдул рекун хвезеги гьарун, гьезул жаназаби хъанчаздаса рахъизе изну кьейилан.</verse>
				<verse number="32">РачІун рагъухъабаз бохдул рекана ГІисада цадахъ хъанчида ван вукІарав дов кІиявго чиясул.</verse>
				<verse number="33">ГІисаде ирга щведал, гьев хун ватана гьезда. Гьединлъидал гьесул бохдулги рекичІо.</verse>
				<verse number="34">Амма цояс гьесул хьолболъ хеч тункана. Ругънадасан гьулчун бачІана биги лъимги.</verse>
				<verse number="35">Гьелъул хІакъалъулъ бицана жиндир беразда гьеб бихьарав чияс. Гьес гьеб бицана нуж божизе бокьун. Гьес бицарабги битІараб буго. Гьесда лъала жинца битІараб бицунеб бугеблъи!</verse>
				<verse number="36">Гьеб гьедин ккана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесул ракьа бекизе къотІи гьечІо».</verse>
				<verse number="37">Цоги ТІехьалда хъван буго: «Хечалъ черх борлъарасухъ ралагьун рукІина гьел».</verse>
				<verse number="38">Ягьудиязул заралалдаса хІинкъун балъгого ГІисае муридлъи гьабулев вукІарав Ариматеялдаса Юсупин абулев цо чи ана Пилатихъе, ГІисал жаназа букъизе изну кьейилан гьарун. Пилатица изну кьуна. ВачІун гьев чияс ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана.</verse>
				<verse number="39">Доб цо сордоялъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги вачІана нусго гелавка нахулги босун. БатІи-батІиял хурдузул бахъараб нах букІана гьеб.</verse>
				<verse number="40">ЖугьутІазул гІадаталда рекъон, махІ берцинаб нахулъ ччун мусралги ран, къачІана гьез ГІисал жаназа.</verse>
				<verse number="41">Гьев хъанчида вараб бакІалда аскІоб цо ах букІана. Гьеб ахикь букІана нохъода бикІун къачІараб, жанив чи лъечІеб хоб.</verse>
				<verse number="42">Метер шамат къоялде жугьутІал хІадурлъулеб къо букІиндал, хобги гІагардаго букІиндал, хехго гьенив вукъана гьез ГІиса.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="20">
				<verse number="1">Анкьил тІоцебесеб къоялъ хъахІлъи балалдего яхъун Магдалаялдаса Марям ГІисал хабаде щвана. Хабал нохъодул кІалтІаса гамачІ нахъе гиризабун батана гьелда.</verse>
				<verse number="2">Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда.</verse>
				<verse number="3">ГьебсагІат рахъун Пётрги дов муридги ГІисал хабаде ана.</verse>
				<verse number="4">КІиялго цадахъ рекерулел рукІана гьел, амма дов мурид тулакав вукІун, Пётридаса цеве щвана гьениве.</verse>
				<verse number="5">Жаниве къулун валагьидал, мусрал рихьана гьесда гьенир, амма нохъоде гьев лъугьинчІо.</verse>
				<verse number="6">ТІаде щун хабал нохъоде лъугьарав Пётридаги рихьана гьенир мусралги</verse>
				<verse number="7">ГІисал бетІер бухьун букІараб квербацІцІги. Гьеб квербацІцІ мусраздаса батІаго гура-сурун лъун бугоан.</verse>
				<verse number="8">ТІоцеве гьениве щварав дов муридги лъугьана жаниве. ГІисал хоб чІобого бихьидал, божана гьев.</verse>
				<verse number="9">ГІиса хваралъуса вахъинилан ТІухьдузда бихьизабун букІаралъул магІна жеги бичІчІун букІинчІо гьезда.</verse>
				<verse number="10">Цинги гьел муридал рокъоре ана.</verse>
				<verse number="11">Дой Марям хутІана къватІиехун яхъун чІун гІодулей. Цинги гІодулаго гьейги къулана хабалъе.</verse>
				<verse number="12">ГІисал жаназа букІараб бакІалда къаданив гІодов чІун цояв, хІатІаахада гІодов чІун цогияв — хъахІаб гІабаги ретІарав кІиго малаик вихьана гьелда.</verse>
				<verse number="13">Гьез Марямида гьикъана: — Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Гьелъ абуна: — Дир ТІадегІанав гьаниса нахъе восун ун вуго, кив гьев лъуравалиги лъалеб гьечІо дида.</verse>
				<verse number="14">Гьединги абун нахъехун юссиндал, ГІиса ватана нахъа чІун. Амма гьелда лъачІо гьев ГІиса вукІин.</verse>
				<verse number="15">ГІисаца гьикъана: — Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Щив дуца гьанив валагьулев вугев? Ахихъан ватилин гьевилан ккун, Марямица абуна: — Я, бетІерчІахъад, дуца гьасул жаназа хабалъа бахъараб батани, киб гьеб лъурабали бице. Дица нахъе босила гьеб.</verse>
				<verse number="16">— Марям! — абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса. — Я, Раббуни! — ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.)</verse>
				<verse number="17">ГІисаца гьелда абуна: — Воре, дуца дун ккун чІезавуге, жеги дун дирго Инсухъе щун гьечІин. Гьанже дир вацазухъе ун, дуца гьезда бице ГІисаца абунин, дирги нужерги Инсухъе, дирги нужерги Аллагьасухъе тІадвуссун унев вугин дун.</verse>
				<verse number="18">Инеги ун Магдалаялдаса Марямица муридазда бицана жиндаго ТІадегІанав вихьиялъулги ва гьес жинда бицаралъулги хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="19">Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.</verse>
				<verse number="20">Цинги гьес жиндирго квералги хьибилги рихьизаруна гьезда. ТІадегІанав ГІиса вихьиялдаса рохана муридал.</verse>
				<verse number="21">— Ракълида хутІаги! — ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго.</verse>
				<verse number="22">— Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, — янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде: –</verse>
				<verse number="23">Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо.</verse>
				<verse number="24">АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов.</verse>
				<verse number="25">ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан.</verse>
				<verse number="26">Микьго къоялдасан, нуцІаги нахъасан рахан, гьенирго данделъун рукІана муридал. Фомаги вукІана гьенив. Рукъ бакьулъ вахъун чІун, ракълида хутІагийилан салам кьуна ГІисаца гьезие.</verse>
				<verse number="27">Цинги гьес Фомада абуна: — Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда.</verse>
				<verse number="28">— Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! — ан абуна гьесда Фомаца.</verse>
				<verse number="29">ГІисаца гьесда абуна: — Дун вихьун, божана мун дида. Гьардарал гурищха дун вихьичІониги божулел гІадамал!</verse>
				<verse number="30">Гьаб тІехьалда хъвачІел цогидалги гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца, жиндирго муридазда цадахъ гьев вукІараб заманаялда.</verse>
				<verse number="31">Амма гьаб хъвана гьев ГІиса Аллагьасул Вас МасихІ вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизеги бокьун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="21">
				<verse number="1">Гьелдаса хадувги Тибериадаялъул ралъдахъ нахъеги вачІана ГІиса жиндирго муридазухъе. Гьадин ккана гьеб.</verse>
				<verse number="2">Симон Пётрги, КІилъилав абулев Фомаги, Галилеялъул Кана шагьаралдаса Натанаэлги, Зебедайил кІиявго васги ва цоги кІиго муридги данделъун рукІана гьенир.</verse>
				<verse number="3">Симон Пётрица абуна жив ччугІа кквезе унев вугилан. Нижги рилълъинилан абуна гьесда гьез. Инеги ун, росоде рахана гьел. Амма гьеб сордоялъ цониги ччугІа кквезе щвечІо.</verse>
				<verse number="4">Рогьунеб мехалъ ГІиса вихьана гьезда ралъдал рагІалда чІун. Амма муридазда лъачІо гьев чи ГІиса вукІин.</verse>
				<verse number="5">— Я, дир гьудулзаби, ччугІа ккурабищ? — ан ахІана ГІисаца гьезде. КквечІилан ахІана гьез.</verse>
				<verse number="6">Цинги ГІисаца гьезде ахІана росол кваранаб рахъалдехун гьин рехани, гьениб батилин нужеда ччугІа. Гьин рехараб мехалъ гьениб ккураб ччугІил гІемерлъиялъ хІалица бахъана гьеб лъадалъа.</verse>
				<verse number="7">ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана.</verse>
				<verse number="8">Ралъдал рагІалде щвезе нусго галул манзил гурони букІинчІо, амма ччугІил цІураб бакІаб гьинги хадуб цІан цогидал муридаз бачана раса рагІалде.</verse>
				<verse number="9">Ралъдал рагІалде рахъиндал, тІорччол цІадуда бежулеб ччугІаги батана, гьениб аскІобго чедги батана гьезда.</verse>
				<verse number="10">ГІисаца абуна нужеца ккуразда гьоркьосаги чанго ччугІа гьанибе босейилан.</verse>
				<verse number="11">Симон Пётрица хІалица рагІалде цІана чІахІияб ччугІил цІураб гьин. Нусиялда кІикъоялда анцІила лъабго ччугІа батана гьениб, гьебщинаб ччугІа бугониги, гьинги тІун батичІо.</verse>
				<verse number="12">— Кваназе рачІа, — ян абуна ГІисаца гьезда. Цониги муридасда кІвечІо мун щивилан гьикъизе. Гьев ТІадегІанав вугевлъи лъалеб букІана гьезда.</verse>
				<verse number="13">Гьезда аскІове вачІун, ГІисаца босунго босун чед кьуна гьезухъе, ччугІаги кьуна гьединго.</verse>
				<verse number="14">Хваралъуса вахъун хадуб лъабабилеб нухалъги вачІана гьев гьедин муридазухъе.</verse>
				<verse number="15">Кванан рахъараб мехалъ, ГІисаца Симон Пётрида гьикъана: — Я, Иоаннил вас Симон, гьазиеялдаса цІикІкІун вокьулевищ дуе дун? Пётрица абуна: — Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца абуна: — Дир чахъаби кваназаре дуца!</verse>
				<verse number="16">КІиабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: — Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? — Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца гьесда абуна: — Дир чахъабазул тІалаб гьабе дуца.</verse>
				<verse number="17">Лъабабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: — Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? Жив дуе вокьулищилан лъабцІул тІатІалаго гьикъулеб бугин гьасилан пашманлъана Пётр. Гьес ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад, кинабгоги лъалагури дуда. Дие мун вокьулевлъиги лъала дуда. ГІисаца гьесда абуна: — Дир чахъаби кваназаре дуца.</verse>
				<verse number="18">ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гІолохъанаб мехалъ, дуцаго ретІелги ретІун, дуего бокьаралъуве унаан мун. Амма херлъараб мехалъ дуца кверал гІебеде ритІила цогидаз дудаго ретІел ретІине, ва дуе бокьуларелъувеги вачина гьез мун.</verse>
				<verse number="19">Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун. Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр.</verse>
				<verse number="20">Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» — ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев.</verse>
				<verse number="21">Гьебмехалъ Пётрица ГІисада гьикъана: — Я, ТІадегІанав, гьасда щиб гьабилеб?</verse>
				<verse number="22">ГІисаца гьесда абуна: — Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Щай дуда гьелъул ургъел чІвалеб? Мун дида цадахъ вилълъа.</verse>
				<verse number="23">Гьебмехалъ ГІисал вацазда гьоркьоб хабар тІибитІана гьев мурид киданиги хвезе гьечІилан. Амма ГІисаца абичІо гьев киданиги хвезе гьечІилан. Гьес Пётрида абураб рагІи букІана: «Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Дуда гьелъул ургъел щай чІвалеб?»</verse>
				<verse number="24">Гьев мурид ккола гьеб киналъего нугІлъиги гьабурав ва гьелъул хІакъалъулъ хъварав чи. Нижеда лъала нугІлъи кьучІаб букІин.</verse>
				<verse number="25">Гьанир рехсарал гурелги, гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца. Цо гьоркьоб течІого гьезул хІакъалъулъ хъварал тІухьдул ругелани, дида ракІалде ккола, гьел лъезе гІураб бакІ букІинароанин гьаб дуниялалда тІадилан.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="44">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Теофил, дирго тІоцебесеб тІехьалда дица хъван букІана, зобалазде восун араб къоялде щвезегІан ГІисаца гьабунщиналъулги малъанщиналъулги хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="2">Гьеб къоялъ ГІисаца Илагьияб РухІалдалъун насихІатги гьабуна жинцаго тІаса рищарал чапарзабазе.</verse>
				<verse number="3">ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул.</verse>
				<verse number="4">Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: — Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж.</verse>
				<verse number="5">ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила.</verse>
				<verse number="6">Гьедин данделъараб мехалъ чапарзабаз ГІисада гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, Исраилил халкъалъул парччахІлъи гьанже цІидасан рукІалиде ккезабизехъинцин гьечІищ дуца?</verse>
				<verse number="7">Гьес абуна: — Инсуца жиндирго къудраталдалъун чІезабураб заманги болжалги нужеда лъазе кколаро.</verse>
				<verse number="8">Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги.</verse>
				<verse number="9">Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна.</verse>
				<verse number="10">Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна:</verse>
				<verse number="11">— Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе.</verse>
				<verse number="12">Цинги гьел, Иерусалималдаса цо километралъул манзилалда бугеб Зайтуналъул магІардаса гІодоре рещтІун, Иерусалималде тІадруссана.</verse>
				<verse number="13">Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда.</verse>
				<verse number="14">Гьел киналго данделъулаан, цадахъ какал ралаан. Гьезда цадахъ как-кІалалда рукІунаан цо-цо руччабиги, ГІисал эбел Марямги, гьесул вацалги.</verse>
				<verse number="15">Цо чанго къоялдасан, нусиялда къогогІанасев диналъул вац данделъараб бакІалда, гьезда цевеги вахъун, Пётрица абуна:</verse>
				<verse number="16">[16-17] — ГІенеккея, вацал! Нилъеда гьоркьов вукІарав ва нилъер ишалъулъ гІахьаллъиги жиндие насиблъарав, амма ГІиса кквезе рачІаразда нух бихьизабурав Ягьудал хІакъалъулъ Илагьияб РухІалдалъун Давуд аварагас некІого абун букІараб рагІи ритІухълъана. (</verse>
				<verse number="17"></verse>
				<verse number="18">Гьеб гІасияб ишалъухъ щвараб гІарацги кьун, хур босана Ягьудаца. Ва гІодов речІчІун, чехь кьвагьун хвана гьев, кинабго бакь-кІачги къватІибе бачІана.</verse>
				<verse number="19">Гьеб лъана Иерусалималъул кинабго халкъалда. Гьединлъидал гьезул мацІалда Акелдама абун цІар лъуна гьеб хуралда. «Бидул хур» абураб магІна буго гьелъул.)</verse>
				<verse number="20">Туркабазул Хирияб ТІехьалда гьелъул хІакъалъулъ гьадин хъван буго: «БетІергьанчи гьечІого гьесул мулкги хутІаги, Жанив чиго гьечІого гьесул рукъги хутІаги». Цоги гьениб хъван буго: «Гьев хисун наиблъун цогидав тІамизе ккола».</verse>
				<verse number="21">[21-22] Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго — ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, — нилъеда гьоркьов вукІарав чи.</verse>
				<verse number="22"></verse>
				<verse number="23">КІиго чи вихьизавуна гьез: Баршаббайин абулев Юсупги (Юстиланги абулаан гьесда) Маттияги.</verse>
				<verse number="24">[24-25] Цинги гьел Аллагьасде гьардезе лъугьана: — Я, БетІергьан! Дуда лъалаха щивав чиясул ракІалда бугеб жо. Чапарлъиги Аллагьасе хъулухъги рехун тун, Ягьуда жиндиего данде кколелъуве индал, гьесул бакІалде восизе гьав кІиясулго кинав дуца тІаса вищаравали бихьизабе.</verse>
				<verse number="25"></verse>
				<verse number="26">Цинги гьев кІиясего можоро тІамуна гьаз. Можороялъ Маттия бергьана. Гьедин анцІила кІиабилев чапарлъун лъугьана Маттия.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана.</verse>
				<verse number="2">Гьале цойидасан зобалазда бахъана гьалагаб гьорол гІадаб гьаракь, ва гьал жанир рукІараб рокъоб багъана гьеб.</verse>
				<verse number="3">Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал.</verse>
				<verse number="4">Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана.</verse>
				<verse number="5">Гьел къоязда Иерусалималде рачІун рукІана дуниялалъул ункъабго рахъалда ругел киналго пачалихъаздаса жугьутІазул вализаби.</verse>
				<verse number="6">Гьеб гьаракь рагІун халкъалъул руккелал данделъана гьенире. Жидер щивасул мацІалда гьел кІалъалел рагІидал, гІажаиблъун хутІана гІадамал.</verse>
				<verse number="7">[7-8] — Гьални Галилеялда рижарал чагІи ругин, нилъер мацІ гьазда кинха лъазе кколеб? — ан хІикмалъун, тамашалъун абулеб букІана гьез цоцазда. — Нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал!</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">Нилъеда гъорлъ руго Парфиялъулги, Мидиялъулги, Эламалъулги гІадамал, гьединго Месопотамиялда, Ягьудиялда ва Каппадокиялда, Понталда ва Асиялда,</verse>
				<verse number="10">Фригиялда ва Памфилиялда, Мисриялда ва Киренаялъулаб Ливиялъул улкабазда яшав гьабун чІарал гІадамал ва Рималдаса зияраталъе рачІарал</verse>
				<verse number="11">(нилъеда гьоркьор руго жугьутІалги жугьутІазул дин босаралги), гьединго Криталъул гІадамал ва гІарабал. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун лъугьарал кІудиял ишазул хІакъалъулъ нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал!</verse>
				<verse number="12">Гьедин гІажаиблъун-хІикмалъун, гьелъул магІна щибдайилан цоцазда гаргадулел хутІун рукІана гьел гІадамал.</verse>
				<verse number="13">Амма цо-цояз, гьелги гІад-хочІ гьарун, абулеб букІана цІияб чагъир гІадалъе бахун бугин гьездаян.</verse>
				<verse number="14">Гьебмехалъ Пётрги гьесда цадахъ вукІарав анцІила цо чапарги цевегІан вачІана. Халкъалда рагІиледухъ гьаракь борхун Пётрица абуна: — Я, вацал жугьутІал ва Иерусалималъул тІолабго жамагІат! ГІенеккея! Гьалъул магІна щибали бичІчІизабизе биччай! ГІинтІаме дир рагІабазухъ!</verse>
				<verse number="15">Нужеда ракІалде кковухъе, мехтун гуро гьал ругел. Щайгурелъул жеги сагІат ичІго тІубачІеб рогьалил гІуж бугелъул.</verse>
				<verse number="16">Амма гьаб буго Йоэл аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъиялъул гІаламат:</verse>
				<verse number="17">«Аллагьас абулеб буго: Ахирзаман тІаде щведал, гьадин букІина — Дир РухІалъул хІалкІолъи чвахизабила дица щибаб рижиялда тІаде. Нужер бихьиназдеги руччабаздеги рещтІина Аллагьасул рагІи, нужер гІолохъабазухъе гьеб илгьамалдалъун щвела, нужер херазухъе гьеб макьилъ бихьун щвела.</verse>
				<verse number="18">Дир лагъзадерида ва гъаравашазда тІадеги чвахизабила гьел къоязда Дир РухІалъул хІалкІолъи, ва гьездеги рещтІина Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="19">Дица тІасан зобалаздасан мугІжизатал рихьизарила, гъоркьан ракьалдасан гІаламатал рихьизарила. БукІина биги, цІаги, кІкІуйдул хІубиги.</verse>
				<verse number="20">Бакъул гордо бецІлъила, моцІ биялде сверила. Гьеб лъугьина БетІергьанасул кІудияб ва гвангъараб къо тІаде щвелалде.</verse>
				<verse number="21">Ва БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи хвасарлъила».</verse>
				<verse number="22">Я, вацал жугьутІал! ГІенекке гьал дир рагІабазухъ. Назареталдаса ГІиса вукІана жинца гьев нужехъе витІун вукІин Аллагьас чІахІиял ишаздалъунги, гІаламатаздалъунги, мугІжизатаздалъунги нужеда лъазабурав чи. ГІисадалъун тІубазабуна гьеб кинабго нужеда гьоркьоб Аллагьас. Гьеб нужедаги лъала.</verse>
				<verse number="23">Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца.</verse>
				<verse number="24">РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул.</verse>
				<verse number="25">Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев.</verse>
				<verse number="26">Гьелъ дир ракІ аваданлъизабуна. Дир кІалдисан унеб рагІиги рохалилаб буго. ХІатта дир напсгицин гьанже хьулазда букІина.</verse>
				<verse number="27">Щайгурелъул дуца дир рухІ хабалъ теларо, дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо.</verse>
				<verse number="28">Дуца дида гІумруялъул Нух бихьизабуна. Мун дида аскІов вугеб мехалъ рохалил цІела дир ракІ».</verse>
				<verse number="29">Я, вацал! Нилъер цо кьолбол кІудияв эмен Давудил хІакъалъулъ гьадин абунилан гІайиб гьабуге: гьев хвана, хабалъ букъана гьесул черх, гьесул хоб бугеб бакІги лъала нилъеда жакъа къоялдаги.</verse>
				<verse number="30">Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан.</verse>
				<verse number="31">Цебеккунго Давудида лъалеб букІана МасихІ хваралъуса вахъинавизе вукІин: гьев хабалъ толарилан ва гьесул черх туруларинги абун букІана.</verse>
				<verse number="32">Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун.</verse>
				<verse number="33">Аллагьасул кваранаб рахъалде вахиндал, гьес гІадамазде чвахизабуна, рагІи кьун букІиндал Инсудасан щвараб Илагьияб РухІ. Гьеб нужеда бихьулебги рагІулебги буго.</verse>
				<verse number="34">[34-35] Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“».</verse>
				<verse number="35"></verse>
				<verse number="36">ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи.</verse>
				<verse number="37">Гьел рагІаби гІадамазул рекІел мащабазулъе ана. Нижеца щибха, вацал, гьанже гьабизе кколебилан гьикъана гьез Пётридаги цогидал чапарзабаздаги.</verse>
				<verse number="38">Пётрица гьезда абуна: — Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе.</verse>
				<verse number="39">Нужееги, нужер лъималазеги, нилъер ТІадегІанав Аллагьас жиндаго аскІоре ахІанщинал рикІкІада ругезеги, гьединаб рагІи кьун бугелъул БетІергьанас.</verse>
				<verse number="40">Гьединалги цогидалги гІемерал рагІабаздалъун МасихІил хІакъалъулъ бицунеб букІана гьес. Гьаб пасатаб умматалдаса цІунейилан малъулеб букІана.</verse>
				<verse number="41">Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу.</verse>
				<verse number="42">Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан.</verse>
				<verse number="43">Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги.</verse>
				<verse number="44">Киналго муъминзабаз магІишат дандбана.</verse>
				<verse number="45">Хур-мулк бичулаан, гьелъухъ щвараб гІарацги бикьулаан гьелде хІажалъи кканщиназе.</verse>
				<verse number="46">Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан.</verse>
				<verse number="47">Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана.</verse>
				<verse number="2">Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив.</verse>
				<verse number="3">Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас.</verse>
				<verse number="4">Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна: — Нижехъ валагье! — ян.</verse>
				<verse number="5">Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи.</verse>
				<verse number="6">Пётрица абуна: — ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун!</verse>
				<verse number="7">Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун,</verse>
				<verse number="8">гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана.</verse>
				<verse number="9">Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев.</verse>
				<verse number="10">Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана.</verse>
				<verse number="11">Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре.</verse>
				<verse number="12">ГІемераб халкъ гьенибе бакІарун бихьидал, Пётрица гьезда абуна: — Я, вацал жугьутІал! Щай нуж гьев чиясда гІажаиблъулел? Нижер къудраталдалъун яги нижер валилъиялдалъун гьев чи вилълъанхъизавун вугев гІадин щай нуж нижехъ ралагьулел?</verse>
				<verse number="13">Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна.</verse>
				<verse number="14">Илагьияв ва вацІцІадав чиясдаса инкарги гьабун, нужеца Пилатида гьарана чІвадарухъан туснахъалдаса къватІиве виччайилан.</verse>
				<verse number="15">ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж.</verse>
				<verse number="16">Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав.</verse>
				<verse number="17">Амма дида лъала, вацал, нужецаги нужер хІакимзабазги гьеб иш гьабиялъе гІилла буго нужеда гьеб бичІчІичІолъи.</verse>
				<verse number="18">Церего ритІарал киналго аварагзабаздалъун Аллагьас лъазабун букІана гьесул МасихІие гІазаб-гІакъуба букІинилан. Гьедин тІубазеги гьабуна Аллагьас гьеб.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе,</verse>
				<verse number="20">БетІергьан аскІов вукІиналдалъун рахІат-хІалхьи лъугьине, цевеккунго нужее гьес вихьизавун вукІарав МасихІ ГІиса нахъеги витІун вачІине.</verse>
				<verse number="21">Кинабго цІилъизабизегІан ГІиса зобалазда вукІине ккола. Жиндирго ритІухъал аварагзабазда некІого бицун букІана Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="22">Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж.</verse>
				<verse number="23">Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила».</verse>
				<verse number="24">Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="25">Нуж ккола гьел аварагзабазул лъимал. «Дур наслуялдасан дуниялалъул киналго халкъазде баркат бачІина», — ян Ибрагьимидаги абун, нужер умумузе Аллагьас гьелъие къотІи гьабун буго.</verse>
				<verse number="26">Аллагьас хваралъуса вахъинавун хадув бищунго цеве нужехъе витІана жиндирго вакил, нужеда баркат лъезеги нужер щивав чи жиндирго квешлъиялдаса вуссинеги бокьун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Гьедин халкъалъе хабар бицунел гьел ругеб мехалъ, рачІун тІаде щвана кашишзабиги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бетІерги, саддукеялги.</verse>
				<verse number="2">Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел.</verse>
				<verse number="3">Гьез ккун вачун жанив тІамуна гьев кІиявго. Сардилъ мех букІиндал, рогьинегІан туснахъалъур тана гьел.</verse>
				<verse number="4">Амма гьезухъ гІенеккарал гІемерисел гІадамал гьез бицаралда божана, гьедин гьезул агьлуялда щуазаргогІанасев чи гІуна.</verse>
				<verse number="5">Гьале нахъисеб къоялъ радал Иерусалималда данделъана чІухІби-хІакимзабиги диниял гІалимзабиги.</verse>
				<verse number="6">Гьенир рукІана бищунго кІудияв кашиш Гьаннаги, гьелго кашишзабазул тухумалъул Кайафаги, Иоаннги, Александрги ва цогидалги.</verse>
				<verse number="7">КІиявго чапарги цеве чІезавун, гьез гьикъана кинаб къудраталдалъун ва лъил цІаралдалъун нужеца доб иш гьабурабилан.</verse>
				<verse number="8">Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна: — Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби!</verse>
				<verse number="9">Гьев гІажизав-загІипав чи кин сахлъаравилан жакъа нужеца нижеда гьикъулеб бугелъул,</verse>
				<verse number="10">нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи.</verse>
				<verse number="11">Гьев ГІиса вуго къадалъ лъезецин ярагьунарилан нужеца — къадахъабаз — нахъе рехараб, амма цололъ лъезе ккараб гамачІ.</verse>
				<verse number="12">Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб.</verse>
				<verse number="13">Пётрилги Иоаннилги хІинкъунгутІи бихьун, гьел гІалимзаби гуреллъи, гІадатиял гІадамал рукІин бичІчІун хІикмалъун хутІана гьел. Гьебмехалъ ракІалде щвана Пётрги Иоаннги ГІисада цадахъ рукІараллъи.</verse>
				<verse number="14">Гьез сахлъизавурав чи гьенив жидеда аскІов чІун вихьидал, гьев кІиясдаго дандечІун абизе рагІи батичІо гьезда.</verse>
				<verse number="15">Суд гьабулеб рокъоса къватІире гьелги гъун, гьезие щибдай гьабилаян ургъизе лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="16">«ТІолабго Иерусалималъул халкъалда лъалеб буго хІакъикъаталдаги гьез якъинаб мугІжизат бихьизабураблъи. Гьеб гьереси гьабун бажариларо нилъехъа, — ян абулеб букІана гьез. —</verse>
				<verse number="17">Амма халкъалда гьоркьоб гьеб хабар хадубккунги тІибитІичІого букІине ГІисал цІар рехсон тІокІаб лъиданиги гаргадугейилан хІинкъизарун лъикІ гьел».</verse>
				<verse number="18">АхІун жанирегун, гьезда лъазабуна тІокІаб ГІисал цІар бахъугеян ва гьесул цІаралдалъун вагІза гьабугеян.</verse>
				<verse number="19">Амма Пётрицаги Иоанницаги гьезие жаваб кьуна: — Нужецаго пикру гьабе: Аллагьасда цебе битІараб букІинищ, гьесухъ гІенеккичІого, нужехъ гІенекки?</verse>
				<verse number="20">Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда.</verse>
				<verse number="21">[21-22] Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.</verse>
				<verse number="22"></verse>
				<verse number="23">КъватІире риччараб мехалъ Пётрги Иоаннги жидерго агьлуялъухъе ана; чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жидеда абунщинабги гьезда бицана.</verse>
				<verse number="24">Гьазул хабар рагІидал гьеб агьлуялъ киназго цадахъ Аллагьасде гьари бана: — Зобал рижарав, ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав нижер БетІергьан!</verse>
				<verse number="25">Дур лагълъун кколев нижер кІудияв эмен Давудил кІалдиб лъун дуца Илагьияб РухІалдалъун абун букІана: «Халкъал щай ццидахун ругел, Къавмаз щай гІантал жал гьарулел ругел?</verse>
				<verse number="26">РачІун цолъана ракьалда ругел парччахІзабиги ЧІухІби-хІакимзабиги БетІергьанасда дандечІезе, Гьесул МасихІида дандечІезе».</verse>
				<verse number="27">ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе.</verse>
				<verse number="28">Цолъана цебеккунго дур къудраталъ ва дур къадаралъ бихьизабун букІараб хІукму тІубазабизе.</verse>
				<verse number="29">Я, БетІергьан! Гьале гьез нижее хІинкъаби кьолел руго. ХІинкъичІого дур калам халкъалда лъазабизе къуват кье дурго лагъзадерие.</verse>
				<verse number="30">Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее!</verse>
				<verse number="31">Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана.</verse>
				<verse number="32">Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул.</verse>
				<verse number="33">Чапарзабазин абуни, кІудияб къудраталдалъун нугІлъи гьабулеб букІана ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъун вихьанин жидедаян. Ва кІудияб баркат лъун букІана гьел киназдаго.</verse>
				<verse number="34">БетІербахъи загІипав чиги гьезда гьоркьов вукІинчІо. Щайгурелъул гІемерисезул букІана хур-ахги, мина-рукъги. Гьез гьеб бичулаан</verse>
				<verse number="35">ва щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьолаан. Цинги гьезги, къваригІарасе къваригІарабгІан бикьун, киназего кьолаан.</verse>
				<verse number="36">Барнаба абун чапарзабаз тІокІцІар кьурав (гьелъул магІна ккола «РакІбатизабулев») Кипралдаса Юсуп абулев цо левитас жиндирго хур бичана,</verse>
				<verse number="37">гьелъухъ щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Анания абулев чиясги гьесул чІужу Сафирацаги жидерго хур бичана.</verse>
				<verse number="2">Гьеб гІарцул цо бутІа босун чапарзабазухъе кьуна, хутІараб балъго гьабуна. (Гьесул чІужуялдаги лъалаан гьеб.)</verse>
				<verse number="3">Пётрица абуна: — Ле, Анания, щай дуца илбис рекІелъе лъугьине биччараб? Гьелъ мун гьесизавуна, хур бичун щвараб гІарцул цо бутІаги балъго гьабун, Илагьияб РухІ гуккизе.</verse>
				<verse number="4">БичизегІан гьеб хурул бетІергьан мун гурищ вукІарав? Гьеб бичун щвараб гІарцул бетІергьанги мун гурищ ккарав? Дур рекІее кин гьеб къабуллъараб? ГІадамал гуро дуца гуккарал, Аллагь гуккана.</verse>
				<verse number="5">Гьеб рагІарабго гІодов ккун хвана Анания. Гьелъул хІакъалъулъ рагІанщинасул рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.</verse>
				<verse number="6">Рахъун гІолохъабаз мусралги ран, къватІибе босун, хабалъ букъана гьесул жаназа.</verse>
				<verse number="7">Лъабго сагІаталдасан ячІун тІаде щвана лъугьанщиналъул хІакъалъулъ щибго лъаларей Ананиял лъади.</verse>
				<verse number="8">Пётрица гьелда гьикъана: — Бице, гьале гьаб гІарцудейищ нужеца хур бичараб? Уйилан абуна гьелъ.</verse>
				<verse number="9">Гьебмехалъ Пётрица гьелда абуна: — Гьедин батани кІиялго рекъон Бичасулаб РухІалъул хІалбихьизе къасд гьабун бугоха нужеца. Гьале нуцІикІалтІе щун руго дур рос хабалъ вукъизе ун рукІарал гІадамал. Гьанже кватІичІого дур жаназаги босила гьез гьаниса къватІибе.</verse>
				<verse number="10">ГьебсагІат Пётрида цее гІодой ккун хвана гьейги. РачІун долго гІолохъабаз росасулалда аскІоб букъизе босун ана гьелъул жаназаги.</verse>
				<verse number="11">Иман лъуразул агьлуялъулги ва гьеб хабар рагІарал киналго цогидал гІадамазулги рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.</verse>
				<verse number="12">Чапарзабазул квераздалъун гІемерал гІаламатал ва мугІжизатал лъугьана халкъалда гьоркьор. Гьел киналго цадахъ Сулайманил рагъиде данделъулаан.</verse>
				<verse number="13">Цониги чияр чиясда кІолароан гьезда аскІове къазе. Амма халкъалъ кІодо гьарулел рукІана гьел.</verse>
				<verse number="14">ЦІакъ гІемерал гІадамаз — бихьиназги руччабазги — ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.</verse>
				<verse number="15">Унтарал-гІажизал чагІи туртида лъун, бусада лъун къотІнорецин росулел рукІана гІадамаз цевесан унев Пётрил рагІадгІаги цо-цо чагІазда хъвалародайилан.</verse>
				<verse number="16">Иерусалималда сверухъ ругел шагьараздасаги гІемераб халкъ бачІунеб букІана гьенибе, унтарал ва жундуз ккурал гІадамалги рачун. Киналго гьел сахлъулел рукІана.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишасулги гьесул чукъбузулги рекІелъе (гьел рукІана саддукеязул мазгьабалъул гІадамал) кІудияб жахІда лъугьана гьездехун.</verse>
				<verse number="18">Гьез чапарзаби ккун рачун шагьаралъул туснахъалда тІамуна.</verse>
				<verse number="19">Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна:</verse>
				<verse number="20">— Мукъадасаб Рокъоре ун тІаде рахъун халкъалда бице гьаб цІияб гІумруялъул хІакъалъулъ кинабго хабар.</verse>
				<verse number="21">Гьес малъухъе чапарзаби радал хъахІлъи бараб мехалъ рахъун Мукъадасаб Рокъоре ана ва гьениб халкъалъе хабар бицана. РачІун бищунго кІудияв кашишги гьесул чукъбиги мажлисалде данделъана. Гьенир рукІана Исраилил халкъалъул киналго чІахІиял гІадамалги. Гьез нукарзаби ритІана туснахъалъур тІамун ругел чапарзаби рачун рачІаян.</verse>
				<verse number="22">Амма гьел нукарзабазда чапарзаби туснахъалъур ратичІо. ТІадруссун рачІун гьез бицана:</verse>
				<verse number="23">— Рахан-къан туснахъалъул нуцІаги батана, нуцІихъ эхетун хъаравулзабиги ратана. Амма, нуцІа ричІун жанире раккидал, гьенив щивниги ватичІо нижеда.</verse>
				<verse number="24">Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана.</verse>
				<verse number="25">ВачІун цо чияс лъазабуна гьезда, гьалея, дол нужеца туснахъалъур тІамун рукІарал чагІаз, Мукъадасаб Рокъореги рачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабулеб бугилан.</verse>
				<verse number="26">Гьебмехалъ рахъун ун дол хъаравулзабазул бетІерасги гьесул нукарзабазги чапарзаби рачун рачІана. Амма хІал-зулмуялдалъун гуребха, — халкъалъ ганчІал речІчІун жалго чІвалилан хІинкъана гьел.</verse>
				<verse number="27">Гьенире рачун рачІарал чапарзаби кІудияб судалда цере чІана. Бищунго кІудияв кашишас гьезда гьикъана:</verse>
				<verse number="28">— Гьеб цІаралъул хІакъалъулъ халкъалда щибго бицунгейилан лъазабун гурищ нужеда букІараб? Нужецайин абуни тІолабго Иерусалималда тІибитІизабун буго гьеб дин ва гьев чиясул бидул хІакъги нижеде бугъизехъин буго нужеца.</verse>
				<verse number="29">Пётрицаги цогидал чапарзабацаги гьезие гьадинаб жаваб кьуна: — ГІадамазухъалдаса Аллагьасухъ цІикІкІун гІенеккизе ккола.</verse>
				<verse number="30">Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса.</verse>
				<verse number="31">Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе.</verse>
				<verse number="32">Гьелъие нугІзал руго ниж ва жиндихъ гІенеккаразе Аллагьас кьураб Илагьияб РухІги нугІлъун буго гьелъие.</verse>
				<verse number="33">Гьеб рагІидал, кІудияб судалъул гІадамазул ццин гьалаглъана. Чапарзаби чІвазе бокьун букІана гьезие.</verse>
				<verse number="34">КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи.</verse>
				<verse number="35">Цинги гьес абуна: — Я, вацал-жугьутІал! Гьал чагІазе щиб гьабилебали цІодорго хал гьабизе ккела нужеца.</verse>
				<verse number="36">Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана.</verse>
				<verse number="37">Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана.</verse>
				<verse number="38">Гьединлъидал, гьале дица нужеда абулеб буго, щибго гьабичІого жалго те гьадал чагІи. Щайгурелъул гІадамаздасан бугеб амруги ишги гьеб батани, жибго биххун ина.</verse>
				<verse number="39">Аллагьасдасан гьеб батани, нужеда кІвеларо гьеб биххизабизе. Аллагьасда данде рагъулел чагІилъунцин лъугьине гуринха нуж.</verse>
				<verse number="40">Гьасухъ гІенеккана гьел. Жаниреги ахІун, цІалаца рухана гьез чапарзаби. ТІокІаб ГІисал цІар рехсон щибго бицунгейиланги лъазабун, нахъе риччана.</verse>
				<verse number="41">Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан.</verse>
				<verse number="42">Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІого МасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан.</verse>
				<verse number="2">Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарас, киналго муридалги данде ахІун, лъазабуна, Аллагьасул рагІи-малъиги рехун тун, жал садакъа-напакъаялде руссине рекъон букІинарилан.</verse>
				<verse number="3">Гьанже, вацал, нужеда гьоркьоб къадру-къимат бугев, Илагьияб РухІалъ ракІги цІурав, цІодорав-гІакъилав анкьго чи тІаса вищизе ккелин. Цинги гьеб ишги гьезда тІадкъалин,</verse>
				<verse number="4">нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел.</verse>
				<verse number="5">Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги.</verse>
				<verse number="6">Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна.</verse>
				<verse number="7">Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна.</verse>
				<verse number="8">Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги.</verse>
				<verse number="9">Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана.</verse>
				<verse number="10">Стефанилъ бугеб Илагьияб РухІги гьесул гІакъилаб каламги къезабизе кІвечІо гьезда.</verse>
				<verse number="11">Гьебмехалъ гьез, гъоркьанго рекъезарун, цо-цо чагІи гьусун тІамуна Муса аварагги Аллагьги какун гаргадилев рагІанин гьев жидедаян абизе.</verse>
				<verse number="12">Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна.</verse>
				<verse number="13">Гьенире рачун рачІана гьаб хирияб бакІги нилъер къанунги какун чІечІого гаргадулев вукІанин гьевилан гьересинугІлъиялъе гІадамал.</verse>
				<verse number="14">Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан.</verse>
				<verse number="15">Судалда гьоркьор ругел гІадамал Стефанихъ ралагьун рукІаго, гьезда бихьана гьесул гьумер малаикасул гІадин лъугьун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Бищунго кІудияв кашишас Стефанида гьикъана гьеб битІараб бугищилан.</verse>
				<verse number="2">Гьес жаваб кьуна: — Я, дир вацалги умумулги! Дихъ гІенекке нуж. Харраналде гочиналдего, гьев жеги Месопотамиялдаго вугеб мехалъ, нилъер кІудияв эмен Ибрагьимие загьирлъун, Къудратав Аллагьас абуна:</verse>
				<verse number="3">«Дурго росу-ракьги рехун тун, гІага-божаралги тун, мун а дица бихьизабизе бугеб ракьалде».</verse>
				<verse number="4">Гьебмехалъ Ибрагьим, халдеязул ракьалдаса Харраналде гочун, гьенив чІана. Цинги гьесул эмен хун хадув Аллагьас гьев гочинавуна гьаб нужеца яшав гьабун бугеб ракьалде.</verse>
				<verse number="5">Гьаб ракьалъул цохІо хІетІе чІарабги бакІалъул бетІергьанлъун гьавичІо Аллагьас Ибрагьим. Добмехалъ гьесул лъимер-бетІер букІинчІониги, БетІергьанас Ибрагьимие къотІи гьабуна гьесиеги гьесул наслу-тухумалъеги мулклъун кьелин гьаб ракьилан.</verse>
				<verse number="6">Аллагьас цоги абуна гьесул наслуялъул гІадамал чияр ракьалда апарагзабилъун рукІине ругин, чияр лагълъиялда гъоркь гІакъуба-къварилъиялда хутІизе ругин ункънусго соналъ.</verse>
				<verse number="7">Амма гьеб наслу лагълъиялде ккезабураб халкъалъе жинца жаза гьабизе бугиланги абуна Аллагьас. Гьелдаса хадуб доб ракьалдаса нахъе ун, гьаб ракьалде рачІинин ва гьаниб жиндие гІибадат гьабилиланги абуна.</verse>
				<verse number="8">Цинги гьеб къотІи тІубазе букІиналъул гІаламатлъун сунат гьабизеги тІадлъуна Аллагьас. Гьединлъидал, Ибрагьимие ИсхІакъ гьавураб мехалъ, гьавун микьабилеб къоялъ гьесие сунат гьабуна. ИсхІакъие Якъуб гьавуна, Якъубиеги гьавуна анцІила кІиго вас — анцІила кІиго наслуялъул бетІер.</verse>
				<verse number="9">Вацазул жахІда бергьун гьез Юсуп Мисриялде лагълъун вичана. Амма Аллагьас гьев рехун течІо,</verse>
				<verse number="10">кинабго къварилъи-гІазабалдаса ворчІизавуна. Мисриялъул пиргІавнасдаги бихьизабуна Юсупилъ баркатги гІакъиллъиги букІин. ПиргІавнас гьесухъе кьуна тІолабго Мисриялъулги жиндирго рукъалъулги кверщел.</verse>
				<verse number="11">Мисриялда ва КангІаналда, кутакалда ракъи багъарун, кІудияб къварилъи букІана. Кваназе жо гьечІого хутІана нилъер умумулги.</verse>
				<verse number="12">Мисриялда хІалухъадул нахърател бугилан рагІун, Якъубица васал — нилъер умумул — ритІана гьенире. (Гьеб букІана Мисриялде гьезул тІоцебесеб сапар.)</verse>
				<verse number="13">КІиабизеги вацал Мисриялде рачІараб мехалъ Юсупица бицана гьезда жив щивали, гьедин пиргІавнасдаги лъана лъил наслуялъул чи Юсуп вугевали.</verse>
				<verse number="14">Цинги Юсупица, хадур чагІиги ритІун, эменги гьесул хъизан-агьлуги — кинавниги лъабкъоялда анцІила щуго чи — жиндихъего ахІана.</verse>
				<verse number="15">Гьедин Якъуб Мисриялде гочана, гьевги цогидал нилъер умумулги гьенир хвана.</verse>
				<verse number="16">ЦІидасан рукъизе гьезул жаназаби Сихемалде росана, гьениб Сихемалдаса Эмморил лъималазухъа Ибрагьимица гІарцухъ бичун босун букІараб хобалъур лъуна.</verse>
				<verse number="17">Аллагьас Ибрагьимие къотІи гьабун букІараб болжал гІагарлъанагІан Мисриялда нилъер халкъ цІикІкІана, гІемерлъана.</verse>
				<verse number="18">Гьеб заманаялда Мисриялъул парччахІлъун ккана Юсуп жинда лъаларев чи.</verse>
				<verse number="19">Гьес нилъер халкъ сихІру-хІиллаялдалъун къварид гьабизе байбихьана, нилъер умумузе гІакъуба кьуна, гьарурал лъимал, тІалабго гьабичІого, хвезе теян лъазабуна.</verse>
				<verse number="20">Гьебмехалъ гьавуна Муса. Аллагьас берцинлъи кьун букІана гьесие. Лъабго моцІалъ эбел-инсуца тІалаб гьабуна гьесул.</verse>
				<verse number="21">Цинги нахъе рехидал, пиргІавнасул ясалъ гьев жиндиего вачана, вас гІадин хьихьана.</verse>
				<verse number="22">Мисриялъул халкъалъул гІелму-гІакълу босарав чилъун лъугьана Муса, бицунеб рагІулъги гьабулеб ишалъулъги къудрат бугев вукІана.</verse>
				<verse number="23">КІикъого соналде вахараб мехалъ гьесда ракІалде ккана жиндирго вацал — жугьутІал кин ругелали ваккизе ине.</verse>
				<verse number="24">КъибтІияс цо жугьутІав вухулев ватун, гьесие хІалае вахъана Муса. Кьабураб жоялъ Мусаца чІвана гьев къибтІияв.</verse>
				<verse number="25">Гьесда ккун букІана жугьутІазда бичІчІилин жив гьел хвасар гьаризе Аллагьас витІарав чи вукІин. Амма гьезда бичІчІичІо.</verse>
				<verse number="26">Нахъисеб къоялъ Мусада кІиго жугьутІав ватана цоцалъ вагъулев. «Нужни вацал ругин, щай цоцалъ рагъулел ругел?» — ан абуна гьес гьезда.</verse>
				<verse number="27">[27-28] «Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чи? Сон къибтІияв чІварав гІадин, жакъа дунги чІвазе бокьунищ бугеб?» — ан нахъе тункана Муса рагъулел рукІаразул цояс.</verse>
				<verse number="28"></verse>
				<verse number="29">Гьел рагІаби сабаблъун Муса Мисриялдаса лъутун ана ва МадгІаналъул ракьалда апараглъун чІана. Гьенив кІиго васасул эменлъун вахъана гьев.</verse>
				<verse number="30">КІикъого соналдасан Синай магІарда аскІоб бугеб цо гІицІаб авлахъалда бухІулеб бугеб хъархъил цІадулъан Аллагьасул малаик рещтІана гьесухъе.</verse>
				<verse number="31">ГІажаиблъун валагьун хутІана Муса. ЛъикІго хал-шал гьабизе гьеб хъархъида аскІове индал, Мусада рагІана БетІергьанасул гьаракь:</verse>
				<verse number="32">«Дун вуго дур умумузул: Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги Аллагь». Нусабго лага сорон, гьеб хъарахъалъухъ валагьизе хІинкъана Муса.</verse>
				<verse number="33">БетІергьанас гьесда абуна: «Дуца хьитал рахъе. ЦІакъ хирияб ракьалда хІетІе чІолеб буго дуца.</verse>
				<verse number="34">Дида якъинго бихьана Мисриялда дир халкъ къварилъиялда букІин. Дида рагІана гьезул угьди-зигарди. Гьел хвасар гьаризе рещтІана дун. Гьанже а дурго, дица Мисриялде витІизе вугин мун!»</verse>
				<verse number="35">Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чийилан абун жугьутІаз жиндаса инкар гьабурав гьев Муса, хъархъилъан гьесухъе рещтІарав малаикасдалъун Аллагьас витІана гьезие ханлъи гьабизеги, гьел хвасар гьаризеги.</verse>
				<verse number="36">Мисриялъул ракьалдаса къватІиреги лъугьинарун, БагІараб ралъдал рагІалдаги гІицІаб авлахъалдаги гІаламаталги мугІжизаталги рихьизарун, гьев Мусаца жугьутІал кІикъого соналъ жиндаго хадур рачана.</verse>
				<verse number="37">Гьев Мусацайин Исраилил наслуялда гьадин абун букІараб: «Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи».</verse>
				<verse number="38">Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял.</verse>
				<verse number="39">Амма нилъер умумузе бокьичІо гьел амруял тІуразаризе. Мусаги нахъе цун, гьезул ракІал Мисриялдехун руссана.</verse>
				<verse number="40">Гьез Гьарунида абуна: «Нилъ гьаниса нахъе рачине кІолел аллагьзаби гьаре дуца нилъее. Нилъ Мисриялдаса гьанире рачарав гьадав Мусалги щиб ккарабали лъалеб гьечІо нижеда».</verse>
				<verse number="41">Гьебмехалъ, бачил сурат гьабун, гьелъие къурбанал хъуна. Жидерго квералъ гьавурав гьев «аллагьасдаса» рохун рукІана.</verse>
				<verse number="42">Аллагьас гьездехун мугъ рехана, цІвабзазе лагълъи гьабизе тана, Аварагзабазул ТІехьалда бугелъулха гьадинаб калима: «Я, Исраилил наслу! ГІицІаб авлахъалда кІикъого соналъ дие гуро нужеца къурбанал хъурал!</verse>
				<verse number="43">Нужеца цадахъ босана Молех-аллагьасул чадир ва нужер Рефан-цІва абулев „аллагь“ — сужда-тІагІаталъе нужецаго гьарурал суратал. Гьединлъидал дица нуж Вавилоналъул гІорхъи бахун нахъе гочинарила».</verse>
				<verse number="44">Добмехалъ гІицІаб авлахъалда нилъер умумузул букІана Аллагь жидеда цадахъ вукІиналъул магІна жиндилъ бугеб чадир. Гьеб гьабун букІана Мусада кІалъарав малаикас гьесда бихьизабуралъул сураталда.</verse>
				<verse number="45">Гьеб чадир нилъер умумузе ирсалъе щвана Навин ГІисал бетІерлъиялда гочунаго, гьез гьеб цадахъ босана, гьел тІаде щолаго Аллагьас нахъе лъутизарурал къавмазул ракьалдеги. Гьеб кинабго лъугьана Давуд вахъиналде.</verse>
				<verse number="46">Давудида Аллагьасул цІоб лъуна. Гьес БетІергьанасда гьарана Якъубил Аллагьасе рукъ базе бегьиларищилан.</verse>
				<verse number="47">Гьеб рукъ барав чи Сулайман аварагин кколев.</verse>
				<verse number="48">Амма инсанасул квералъ рарал рукъзабахъ ТІадегІанав Аллагьас яшав гьабуларо. Гьелъул хІакъалъулъ цо аварагас гьадин абун буго:</verse>
				<verse number="49">«Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? — ан абуна БетІергьанас. — Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб?</verse>
				<verse number="50">Гьеб кинабго Дица бижараб гурищ?»</verse>
				<verse number="51">ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго.</verse>
				<verse number="52">Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун.</verse>
				<verse number="53">Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо!</verse>
				<verse number="54">Гьеб калам рагІидал гьезул рекІелъ ццин гьалаглъана ва гьесде цаби къерщезаризе лъугьана.</verse>
				<verse number="55">Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги.</verse>
				<verse number="56">Гьес абуна: — Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! — ян.</verse>
				<verse number="57">Гьебмехалъ гьел чІчІичІчІидизе лъугьана ва гІинзунир килщал къазаруна. Цинги цадахъго тІадречІчІун гьев гІодов ккезавуна,</verse>
				<verse number="58">шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана. Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана.</verse>
				<verse number="59">Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: — Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! — ян.</verse>
				<verse number="60">Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: — Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! — абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана.</verse>
				<verse number="2">Муъминал гІадамаз Стефан хабалъ вукъана ва гьесда хадуб гІемераб магІу тІуна.</verse>
				<verse number="3">Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана.</verse>
				<verse number="4">Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана.</verse>
				<verse number="5">Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб.</verse>
				<verse number="6">Гьес рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъ рагІунги бихьунги лъалел гІемерал гІадамал данделъун, Филиппихъ гІенеккулел рукІана.</verse>
				<verse number="7">Гьелъие гІилла букІана хъубал женаз ккурал гІемерал гІадамазул чорхолъа къватІире гьел жундул чІахІиял гьаркьалги гьарулаго рачІунел рукІинги, гІемерал унтарал чагІи Филиппица сахлъизарулел рукІинги.</verse>
				<verse number="8">Гьелдаса цІакъ бохун шагьаралъул халкъги букІана.</verse>
				<verse number="9">Гьесдасаги цеве гьеб шагьаралда вукІарав цо Симон абулев чияс сихІру гьабун гІажаиблъизарун рукІана Самариялъул гІадамал. Симоница живго цІакъ кІудияб гьунаралъул чилъун вихьизавулев вукІана.</verse>
				<verse number="10">«КІудияб къудратилан» абулеб къудрат жиндилъе лъугьарав чи вугин гьевилан гІисиназги чІахІиязги кІалухъ вахъун вукІана Симон.</verse>
				<verse number="11">Гьев кІалухъ вахъиялъе гІиллаги букІана гІемераб заманаялъ гьес гьел жиндирго хІикматал ишаздалъун гІажаиблъизарун рукІин.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасул ПарччахІлъиялъул ва ГІиса МасихІил цІаралъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунев вугев Филиппида божарал бихьиналги руччабиги лъадалъ ччун рахъулел рукІана.</verse>
				<verse number="13">Симонги божана гьесда ва живго лъадалъ ччун вахъизавуна. Гьелдаса хадув тІокІав вичІичІо гьев Филиппида аскІоса. Филиппица рихьизарулел ругел гІаламатаз ва кІудияб хІалкІолъиялъул ишаз хІайранлъизавун вукІана гьев.</verse>
				<verse number="14">Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе.</verse>
				<verse number="15">Гьенире щведал Пётрицаги Иоанницаги гьезулъе Илагьияб РухІ рещтІагийилан гьарун, муридазе дугІа гьабуна.</verse>
				<verse number="16">ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе.</verse>
				<verse number="17">Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ.</verse>
				<verse number="18">Чапарзабаз тІад квер лъурав чиясе Илагьияб РухІ щолеб бихьидал, гьезие гІарацги босун вачІун, Симоница абуна:</verse>
				<verse number="19">— ТІад квер бахъарав чиясулъе Илагьияб РухІ лъугьинабизе кІолеб гьеб нужер къудрат диеги кье, — ян.</verse>
				<verse number="20">Амма Пётрица абуна: — Гьеб гІарацги мунги — кІиялгоги цадахъ — паналъагийин нуж, дуда ракІалде кин ккараб мухь кьун Аллагьасул сайигъат бичун босизе.</verse>
				<verse number="21">Аллагьасда цебе дур ракІ бацІцІадаб гьечІелъул, гьаб ишалъулъ дуе я бутІа, я ирс букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="22">Дурго гьеб квешлъиялда рекІекълъун тавбу гьабе ва БетІергьанасда гьаре гьел дур рекІелъ рижарал пикрабазда тІасалъугьайилан.</verse>
				<verse number="23">Дида бихьулеб буго дур ракІ хъубаб жахІдаялъул цІун бугеблъиги, гьелдалъун мун мунагьалъул асирлъун лъугьун вугевлъиги.</verse>
				<verse number="24">Симоница абуна: — Гьеб нужеца бицунебщинаб балагь диде рещтІинчІого букІине дир рахъалдасан БетІергьанасе дугІа гьабе, — ян.</verse>
				<verse number="25">ХІасил — чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="26">Бичасул малаик вачІун, гьес Филиппида абуна: — Вахъа, мун а гьанже Иерусалималдаса Газаялде бугеб нухдасан къилбаялъул рахъалдехун валагьун. ГІицІаб авлахъалдасан буго гьеб нух.</verse>
				<verse number="27">Вахъун ана гьев. Иерусалималде зияраталъ ун вукІарав цо хІабашияв данде ккана. Гьев вукІана ХІабашистаналъул парччахІлъун йигей Кандакиял кинабго хазина божун тарав чи, живгоги бихьинчиясулаб къуваталдаса ватІалъарав ахта.</verse>
				<verse number="28">ЧІухІараб чолгьакидаги рекІун, жиндирго ракьалде тІадвуссун унаго гьес цІалулеб букІана Ишая аварагасул тІехь.</verse>
				<verse number="29">Гьеб гьакида аскІовеги витІун, Илагьияб РухІалъ Филиппида абуна гьелда цадахъ айилан.</verse>
				<verse number="30">Векерун аскІове щведал, гьасда рагІана гьев чияс Ишая аварагасул тІехь цІалулеб. — Дуца цІалулеб бугеб жоялъул магІна бичІчІулеб бугищ дуда? — ян гьикъана Филиппица гьесда.</verse>
				<verse number="31">— Гьеб бичІчІизабизе чи гьечІони, кин гьелъул магІна дида лъалеб? — ан абуна гьес. Цинги гьес Филиппида гьарана гьакиде вахун жинда аскІов гІодов чІайилан.</verse>
				<verse number="32">Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев.</verse>
				<verse number="33">Гьев гІодовегІанлъизавуна, гьесие ритІухъаб суд гьабизе инкар гьабуна. Гьесул наслу-тухумалъул хІакъалъулъ лъица бицинеб? Ракьалда тІад гьесул гІумру лъугІидалха».</verse>
				<verse number="34">Ахтаяс Филиппида абуна: — ТалихІ кьегийин, бице дида: лъил хІакъалъулъ аварагас гьедин абулеб бугеб? Жиндирго хІакъалъулъищ яги цогидасул хІакъалъулъищ?</verse>
				<verse number="35">Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="36">Гьедин унаго цо лъим бугеб бакІалде щведал, ахтаяс абуна: — Балагье гьаниб лъим бугогури. Гьанив лъадалъ ччун вахъизавизе сунцаниги квалквал гьабиларо дие?</verse>
				<verse number="37">[37-38] Цинги гьес гьоко чІезабеян амру гьабуна. Филиппги гьев ахтаги, гьакидаса рещтІун, лъадалъе лъугьана ва Филиппица гьев лъадалъ ччун вахъана.</verse>
				<verse number="38"></verse>
				<verse number="39">Гьел лъадалъа къватІире лъугьараб мехалъ, Илагьияб РухІалъ восун ун, ахтаясул берда цевеса тІагІана Филипп. Цинги вохуца холаго жиндирго нухда ана ахта.</verse>
				<verse number="40">Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Шаулил рекІелъа унеб букІинчІо ТІадегІанав ГІисал муридал хІинкъизариялъулги гьел гъурун тІагІинариялъулги гъаргъар. Бищунго кІудияв кашишасухъе вачІун</verse>
				<verse number="2">гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана.</verse>
				<verse number="3">Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев.</verse>
				<verse number="4">ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. — Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? — абун гьаракьги рагІана гьесда.</verse>
				<verse number="5">— Мун щив, бетІерчІахъад? — абун гьикъана Шаулица. — Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, — ян рагІана гьесда жаваб. —</verse>
				<verse number="6">Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали.</verse>
				<verse number="7">Гьесда цадахъ рукІарал гІадамал кІал-мацІ къотІун хутІана. Гьаракь рагІулеб букІин гурони, щивниги чи вихьулев вукІинчІо гьезда.</verse>
				<verse number="8">Шаул тІаде вахъана. Амма берал ричІун валагьидал, щибниги бихьичІо гьесда. Бераздаса канлъи босарав гьев, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна.</verse>
				<verse number="9">Лъабго къо бана гьес бадиса канлъиги босун. Я кваначІо, я гьекъечІо.</verse>
				<verse number="10">Дамаскалда вукІана Анания абулев цо мурид. Илгьам лъугьун: «Ва, Анания!» — абун ахІана гьесде ТІадегІанав ГІисаца. «Дун гІенеккун вуго», — ян абуна гьес.</verse>
				<verse number="11">Цинги ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Гьанже вахъун а мун БитІараб абун цІар лъураб къотІнове. Гьениб Ягьудал минаялъув цІехе Тарсалдаса Шаул абун цо чи вугищилан. Гьале гьаб параялда дугІа гьабулев вукІаго,</verse>
				<verse number="12">гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан.</verse>
				<verse number="13">Ананияца абуна: — Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги.</verse>
				<verse number="14">Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун.</verse>
				<verse number="15">ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи.</verse>
				<verse number="16">Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали.</verse>
				<verse number="17">Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: — Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас — гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца — дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги.</verse>
				<verse number="18">ЧчугІил хъал кинигин, тІаса ана бецлъи, ва гьебсагІат канлъи бихьана. ТІаде вахъун ун гьев лъадалъ ччун вахъана.</verse>
				<verse number="19">Цинги кванана-гьекъана, къуват-жан чорхолъе лъугьана. Цо чанго къо бана Шаулица Дамаскалда муридазда аскІоб.</verse>
				<verse number="20">Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан.</verse>
				<verse number="21">Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана: — Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав?</verse>
				<verse number="22">Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул.</verse>
				<verse number="23">Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул.</verse>
				<verse number="24">Шаулидаги лъана гьелъул хІакъалъулъ. Къасиги къадги шагьаралъул кавабазухъ гъоркьчІел гьабун букІана гьев чІвазе.</verse>
				<verse number="25">Сардилъ гьесул муридаз гьев, гьагьинивги лъун, шагьаралъул рагІалда бугеб къадахъа гъоркье виччана.</verse>
				<verse number="26">Иерусалималде щвараб мехалъ Шаулица къасд гьабуна муридалгун цолъизе. Амма гьев муридлъун лъугьун вукІиналда божичІого, гьесукьа хІинкъун рукІана киналго.</verse>
				<verse number="27">Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца.</verse>
				<verse number="28">Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="29">Гьев дагІбадулаан, къацандулаан грек мацІалда кІалъалел жугьутІалгун. Гьез къасд гьабуна Шаул чІвазе.</verse>
				<verse number="30">Гьеб лъайдал, Къайсарияталдеги вачун, вацаз Шаул Тарсалде витІана.</verse>
				<verse number="31">Гьедин тІолабго Ягьудиялда, Галилеялда ва Самариялда иман лъуразул агьлуялъул хІал лъикІлъана, БетІергьанасдаса хІинкъарал ва Илагьияб РухІалъ кантІизарурал гІемерал гІадамаз иман лъуна.</verse>
				<verse number="32">Киназухъего щвезе къватІиве вахъун вукІарав Пётр гьале Лидда абулеб шагьаралда ругел иман лъуразухъе щвана.</verse>
				<verse number="33">Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи.</verse>
				<verse number="34">Пётрица гьесда абуна: — Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре! Эней гьебсагІат тІаде вахъана.</verse>
				<verse number="35">Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна. Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид.</verse>
				<verse number="36">(«Чанил цІцІе» абураб магІна буго гьеб цІаралъул.) ГІадамазе лъикІлъи гІемерай, мискиназе-пакъиразе садакъа гьарзаяй гІадан йикІана гьей.</verse>
				<verse number="37">Гьеб заманаялда цо хехаб унтуца хвана гьей. ТІасарокъоб лъун букІана чурун къачІараб гьелъул жаназа.</verse>
				<verse number="38">Лидда Иоппиялдаса рикІкІад букІинчІелъул, Пётр Лиддаялда вугин рагІарал муридаз кІиго чи витІана хехго жидеда тІаде щвайилан гьаризе.</verse>
				<verse number="39">Вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялде щведал, гьев тІасарокъове вачана. ГІемерал къоролруччаби ратана гьенир. ГІодилаго гьез Пётрида рихьизарулел рукІана чІаго йигеб мехалъ гьелъ жидеего гьарурал гурдал ва цогидабги ретІел.</verse>
				<verse number="40">Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: — ТІаде яхъа, ТІабита! — ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана.</verse>
				<verse number="41">Кверги ккун, тІаде яхъинаюна Пётрица гьей. Цинги иман лъуралги къоролруччабиги ахІун, ТІабита чІаголъун йикІин бихьизабуна гьезда Пётрица.</verse>
				<verse number="42">Гьелъул хабар тІибитІана тІолабго Иоппиялда. ТІадегІанав ГІисаде иман лъун гІемерав чи муъминлъана.</verse>
				<verse number="43">Симон абулев цо дабагъчиясухъ гьоболлъухъ рещтІун Иоппиялда лъикІаланго къоял рана Пётрица.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Къайсарияталда вукІана Корнелий абулев цо чи. Гьев вукІана Италиялъулабилан абулеб полкалдаса рагъухъабазул нусилбетІер.</verse>
				<verse number="2">Гьевги гьесул рукъалъул агьлуги Аллагьасукьа хІинкъарал, цІакъ диниял гІадамал рукІана. КІуди-кІудиял садакъабиги гьарулаан гьес гІадамазе, кидаго Аллагьасе тІагІат-гІибадаталдаги вукІунаан.</verse>
				<verse number="3">Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе. — Корнелий! — абун кІалъана гьесда малаик.</verse>
				<verse number="4">ХІинкъадго гьесухъги валагьун: — Щиб, бетІерчІахъад? — абун гьикъана Корнелийица. Малаикас гьесие жаваб кьуна: — Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин.</verse>
				<verse number="5">Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур.</verse>
				<verse number="6">Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина.</verse>
				<verse number="7">Гьесда кІалъарав малаик цевеса тІагІаравго, Корнелийица кІиго рагьтІателги жиндирго цо муъминав нукарги аскІоре ахІун,</verse>
				<verse number="8">гьезда гьеб кинабго бицана ва гьел лъабалго Иоппиялде ритІана.</verse>
				<verse number="9">Нахъисеб къоялъул къалъул гІужалда гьел Иоппиялде щолел рукІана. ТІохде вахун дугІа гьабулев вукІана Пётр гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="10">Пётр вакъана, кванде хиял ккана гьесул гьениб. Гьесие квен къачІалеб букІаго, цебетІами лъугьана:</verse>
				<verse number="11">зобал рикьун ана ва ункъабго гІинщги ккун гІодобе биччан бачІунеб бихьана цо кІудияб туруталда релълъараб жо.</verse>
				<verse number="12">Гьелда тІад ругоан ракьалдасан хьвадулел киналго тайпабазул хІайваналгун шурулел жалги хІанчІиги.</verse>
				<verse number="13">— Вахъун гьелги хъве, гьезул гьанги кванай, Пётр, — абун гьаракь рагІана гьесда.</verse>
				<verse number="14">Пётрица абуна: — Я, ТІадегІанав, дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги квинчІо.</verse>
				<verse number="15">КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда: — Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца.</verse>
				<verse number="16">Лъабабизеги рагІана Пётрида гьеб гьаракь ва гьебсагІат зобалазде босун ана доб турут гІадинаб жо.</verse>
				<verse number="17">Гьелъул магІна щибдайилан пикрабазда Пётр вугеб мехалъ, Корнелийица ритІарал дол гІадамал, Симонил мина бугеб бакІ балагьизе гьесул кавудухъе щун рукІана.</verse>
				<verse number="18">Гьез ахІунго-ахІун гьикъулеб букІана Пётр абун тІокІцІар бугев Симон вугищин нужер гьенив гьоболлъухъилан.</verse>
				<verse number="19">Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна: — ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев.</verse>
				<verse number="20">Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи.</verse>
				<verse number="21">Гьениса гъоркьеги рещтІун, дол гІадамазда абуна Пётрица: — Дун ккола гьев нужеца валагьулев вугев чи. Щай нуж гьанире рачІарал?</verse>
				<verse number="22">Гьез абуна: — Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян.</verse>
				<verse number="23">Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ.</verse>
				<verse number="24">КІиабилеб къоялъ Пётр Къайсарияталде щвана. Корнелий, жиндирго гІага-божаралги гьудул-гьалмагъзабиги ахІун, гьел рачІиналъухъ валагьун чІун вукІана.</verse>
				<verse number="25">Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий.</verse>
				<verse number="26">Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: — ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин.</verse>
				<verse number="27">Гьевгун гара-чІварулаго рокъове жаниве лъугьарав Пётрида гІемерал гІадамал ракІарун ратана гьенире.</verse>
				<verse number="28">Гьезда Пётрица абуна: — Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи.</verse>
				<verse number="29">Гьединлъидал дун, нужеца ахІаравго, тІадкІалъай гьечІого вачІана гьаниве. Гьанже бице нужеца: щай дида хадур чагІи ритІарал?</verse>
				<verse number="30">Гьебмехалъ Корнелийица абуна: — Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна:</verse>
				<verse number="31">«Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда.</verse>
				<verse number="32">Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда».</verse>
				<verse number="33">ГьебсагІатго ритІана дица дуда хадур чагІи. Мун гьаниве вачІун лъикІ ккана. Гьале гьанже ниж киналго Аллагьасда цере чІун руго, БетІергьанас дуе амру гьабурабщиналъухъ гІенеккизе.</verse>
				<verse number="34">Пётрица гьезда абуна: — Гьанже якъинго бичІчІана дида Аллагьас жиндирго лагъзадерида гьоркьоб батІалъи гьабулареблъи.</verse>
				<verse number="35">Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи.</verse>
				<verse number="36">Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав.</verse>
				<verse number="37">Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб.</verse>
				<verse number="38">Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, — Аллагь гьевгун вукІиндалха!</verse>
				<verse number="39">Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев.</verse>
				<verse number="40">Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна.</verse>
				<verse number="41">Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж.</verse>
				<verse number="42">Гьес нижее амру гьабуна чІагоязеги хваразеги суд гьабизе Аллагьас тарав чи вугин живилан халкъалдаго лъазабеян, гьелъие нугІлъиги гьабеян.</verse>
				<verse number="43">Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан.</verse>
				<verse number="44">Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана.</verse>
				<verse number="45">Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал.</verse>
				<verse number="46">Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна:</verse>
				<verse number="47">— Нилъее гІадин, Илагьияб РухІ насиблъарал гьал гІадамазе лъадалъ ччун рахъи гьукъулев чи вукІинищ?</verse>
				<verse number="48">Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Чапарзабазухъеги ва тІолабго Ягьудиялда рукІарал диналъул вацазухъеги хабар щвана цогидал халкъазги Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан.</verse>
				<verse number="2">Пётр Иерусалималде тІадвуссараб мехалъ, иман лъурал жугьутІаздасан цо-цо чагІаз гьесие бадибчІвай гьабуна,</verse>
				<verse number="3">сунат гьабичІел гІадамазухъе гьоболлъухъ ун, гьезда аскІов гІодов чІун кваназе бегьилаанищилан.</verse>
				<verse number="4">Гьебмехалъ Пётрица мухІканго бицана гьезда жиндирго ккарал лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ:</verse>
				<verse number="5">— Иоппия шагьаралда цо къоялъ Аллагьасе дугІа гьабулев вукІана дун. Гьебмехалъ цебетІами лъугьана дие. Ункъабго гІинщги ккун цо кІудияб турут гІадинаб жо зодиса гІодобе биччалеб бихьана. БитІахъе дида аскІобе бачІана гьеб.</verse>
				<verse number="6">Гьелда тІад рихьана ракьалдасан хьвадулел ункъхІатІилал хІайванал, гьединго гІалхул хІайванал, шурулел жал ва хІанчІи.</verse>
				<verse number="7">Цинги цо гьаракьалъ абулеб рагІана дида: «Вахъун гьелги хъве, Пётр, гьезул гьанги кванай», — ян.</verse>
				<verse number="8">Дица абуна: «Я, БетІергьан! Дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги кІалдибе босичІо», — ян.</verse>
				<verse number="9">КІиабизеги зобалаздасан добго гьаракьалъ абуна: «Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца», — ян.</verse>
				<verse number="10">Лъабабизеги рагІана дида гьеб гьаракь. Цинги гьеб кинабго зобалазде эхеде цІан ана.</verse>
				<verse number="11">Дун рещтІун вукІараб рукъалда цеве лъабго чи чІана гьеб параялъ. Гьел ратана Къайсарияталдаса дида хадур ритІун рачІарал чагІи.</verse>
				<verse number="12">Илагьияб РухІалъ дида абуна сунданиги щаклъичІого гьезда цадахъ айилан. Дида цадахъ къватІиве вахъана гьав анлъавго диналъул вацги. Цинги ниж щвана дов чиясул бакІалде.</verse>
				<verse number="13">Гьес нижеда бицана жиндир рокъове вачІун малаикас гьадин абунилан: «Дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур.</verse>
				<verse number="14">Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар».</verse>
				<verse number="15">Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ.</verse>
				<verse number="16">Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», — ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби.</verse>
				<verse number="17">ТІадегІанав МасихІ ГІисаде иман лъурал нилъее гІадинаб сайигъат Аллагьас цогидал халкъазеги кьолеб бугеб мехалъ Аллагьасда дандечІаравани, дун щив чи ккелев вукІарав?</verse>
				<verse number="18">Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе.</verse>
				<verse number="19">Стефание зулму гьабураб заманаялда рикьа-риххун рахъ-рахъалде лъутун ун рукІарал муридал Финикиялде, Кипралде ва Антиохиялдецин щвана. ЖугьутІазда гурони гьез Рохалил хабар бицунеб букІинчІониги,</verse>
				<verse number="20">гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал.</verse>
				<verse number="21">БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.</verse>
				<verse number="22">Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана.</verse>
				<verse number="23">Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан.</verse>
				<verse number="24">Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.</verse>
				<verse number="25">Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде.</verse>
				<verse number="26">Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе.</verse>
				<verse number="27">Доб заманаялда Иерусалималдаса Антиохиялде рачІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал.</verse>
				<verse number="28">Агаб абун цІар бугев цо гьединав чияс, цеве вахъун, Илагьияб РухІалдалъун лъазабуна тІолабго ракьалда кутакаб ракъи букІине бугилан. (ХІакъикъаталдаги гьеб ракъи букІана Клавдий къайсарлъун вугеб заманаялда.)</verse>
				<verse number="29">Гьебмехалъ муридаз хІукму гьабуна бугес бугелда рекъараб садакъа-напакъа Ягьудиялда ругел жидерго диналъул вацазе битІизе.</verse>
				<verse number="30">Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун.</verse>
				<verse number="2">Хвалчаца бетІер къотІун чІвана гьес Иоаннил вац Якъуб.</verse>
				<verse number="3">Ягьудиязе гьеб рекІее гІураблъи бихьун, Пётрги тІамуна гьес туснахъалъув. (Гьел рукІана РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял.)</verse>
				<verse number="4">Ккун вачун туснахъалъув тІамизавуна Гьеродица Пётр ва гьев цІунизе анцІила анлъго рагъухъанги тана хъаравуллъуда. Гьесда ракІалда букІана Пасхаялъул байрамалдаса хадуб халкъалда цеве вачун Пётрие суд гьабизе.</verse>
				<verse number="5">Гьале Пётр туснахъалъув вуго. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъ тІадчІун Аллагьасде гьари-дугІа гьабуна гьесда гурхІаян.</verse>
				<verse number="6">Гьеродица метер халкъалда цеве вачинехъин вугеб сордоялъ кІиго рагъухъанасдехун рахсаца вухьун вугев Пётр кьижун вукІана. ХутІарал хъаравулзаби туснахъалъул нуцІихъ чІун рукІана.</verse>
				<verse number="7">Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» — ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="8">Цинги малаикас гьесда абуна хьиталги парталги ретІеян. Гьес хьиталги парталги ретІана. Нахъеги абуна, мугъзаде гІабаги рехун, жинда хадув вачІаян.</verse>
				<verse number="9">Пётр гьесда хадув къватІиве лъугьана. Амма гьесда ракІалде кколеб букІана гьев малаикас гьабулеб бугебщинаб жо жинда цебетІамулеб бугилан.</verse>
				<verse number="10">Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана.</verse>
				<verse number="11">Гьебмехалъ гІакълуялде вачІун живго жиндаго гаргадизе лъугьана Пётр: «ХІакъикъаталдаги БетІергьанас дихъе малаик витІун вачІана дун Гьеродил квердасаги ва ягьудиязул тІолабго халкъалъе бихьизе бокьун букІарабщиналдасаги хвасар гьавизе».</verse>
				<verse number="12">Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ.</verse>
				<verse number="13">Пётрица каву бухидал, Рода абун цІар бугей цо гъараваш ячІана гьеб лъица бухулеб бугебали хал гьабизе.</verse>
				<verse number="14">Пётрил гьаракь батІа бахъизе лъайдал, гІемерго йохиялъ каву ричІизе рекІеда ятичІого, гьей жание екерун ана ва Пётр вугин кавудул кІалтІайилан бицана гьезда.</verse>
				<verse number="15">Дур бетІер сверун бугилан абуна гьез. Жинца гьереси бицунеб гьечІилан чІана гьей. Пётрил рухІ батилин гьебилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="16">Пётрица жеги-жеги бухулеб букІана каву. Каву рагьараб мехалъ, гьенив Пётр ватидал, хІикмалъун хутІана гьел.</verse>
				<verse number="17">РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр.</verse>
				<verse number="18">Радал, Пётр киведай тІагІанаян, кутакалда рихха-хочун лъугьана хъаравуллъуда рукІарал дол рагъухъаби.</verse>
				<verse number="19">Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна. Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод.</verse>
				<verse number="20">Гьесул цІакъ ццин бахъун букІана Тиралъул ва Сидоналъул гІадамазда. Гьебмехалъ цоцазда дандги бан гьез Гьеродихъе жидерго вакилзаби ритІана. Гьезул ракьалде квана-гьекъолеб жо Гьеродил улкаялдаса бачІунеб букІана. Гьединлъидал, гьесул кІалгІаялъув рагьтІателлъун вукІарав Бластилгун гьоркьоблъиги гьабун, Гьеродидасан рекъел гьарана гьез.</verse>
				<verse number="21">Гьелгун дандчІвазе къотІи гьабураб къоялъ, чІухІараб ретІелги ретІун, тахиде вахун гІодов чІана Гьерод ва, халкъги гІенеккун, гьездехун хитІаб гьабун кІалъана.</verse>
				<verse number="22">Гьебмехалъ халкъалъ ахІулеб букІана, гІадан-инсан гурин, живго аллагь вугин жидеда кІалъалев абун.</verse>
				<verse number="23">Амма гьес Аллагьасе рецц гьабичІелъул, гьебсагІат вачІун Бичасул малаикас жаза гьабуна Гьеродие, черхалда борохь бан хвана гьев.</verse>
				<verse number="24">Гьедин цІубана ва тІибитІана БетІергьанасул рагІи.</verse>
				<verse number="25">Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул.</verse>
				<verse number="2">ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», — ян.</verse>
				<verse number="3">КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана.</verse>
				<verse number="4">Илагьияб РухІалъ ритІун гьел Селевкиялде щвана ва гьенисан, гамидаги рекІун, Кипралде ана.</verse>
				<verse number="5">Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана.</verse>
				<verse number="6">Кипр чІинкІиллъи къотІун ун Пафосалде щвана. Гьенив ватана БариешуагІ абулев цо жугьутІав. Гьев вукІана сихІручи ва гьересиавараг.</verse>
				<verse number="7">Сергий Павел абулев цІодорав-гІакъилав цо наибасул цевесев чиги вугоан гьев. Аллагьасул рагІиялъухъ гІенеккизе бокьун бугилан Сергий Павелица Барнабаги Шаулги жиндихъего ахІана.</verse>
				<verse number="8">Амма СахІир-Элимаца (греказ гьедин абулаан БариешуагІида) хІаракат бахъулеб букІана гьев наибас иман лъезе биччаларилан.</verse>
				<verse number="9">Илагьияб РухІалъ цІурав Шаулица (гьесул цогидаб цІар Павел букІана) гьебмехалъ гьесда бадибе абуна:</verse>
				<verse number="10">— Ле, хІилла-рекІкІалъулги ва квешабщиналъулги вугІун цІурав илбисалъул вас, ритІухъабщиналъул тушман! БетІергьанасул битІараб нух гьетІа-кІичІизабичІого чІезе кІоларищ дуда?</verse>
				<verse number="11">Гьале БетІергьанас дуде квер гьесулеб буго. ГьабсагІат мун бецлъила, дагьабго заманаялъ бакъул канлъиялдаса махІрумлъила! Гьеб параялда дуниял бецІлъана гьесие, тІуванго бецлъана гьев. Квер ккун живго вачине чи валагьизе лъугьана.</verse>
				<verse number="12">Гьеб кинабго бихьарав наибасул рекІелъе иман тІинкІана. Гьев хІикмалъизавуна ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ хабаралъ.</verse>
				<verse number="13">Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн.</verse>
				<verse number="14">Пергаялдаса рахъун ун гьел Писидиялъул Антиохиялде щвана, шамат къоялъ синагогаялъуре лъугьун, гьенир гІодор чІана.</verse>
				<verse number="15">Мусал Тавраталдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги калимаби цІалун рахъараб мехалъ, гьеб синагогаялъул бутІруз гьезухъе ритІарал чагІаз гьезда абуна: — Я, вацал, гьаб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе бокьун батани, ниж нужехъ гІенеккила, — ян.</verse>
				<verse number="16">ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: — Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ!</verse>
				<verse number="17">Гьаб Исраилил халкъалъул Аллагьас нилъер умумул тІаса рищана, апарагзабилъун Мисриялда рукІараб заманаялда Гьес нилъер халкъ кІодо гьабуна ва жиндирго кІудияб къудраталдалъун доб чияр ракьалдаса къватІире рачана.</verse>
				<verse number="18">КІикъого соналъ гІицІаб авлахъалда рукІараб мехалъ, чанцІулго къосаниги, Аллагьас гьел рехун течІо.</verse>
				<verse number="19">[19-20] КангІаналъул ракьалда анкьго халкъги паналъизабун, гьеб ракь Исраилил халкъалъе ункънусиялда кІикъоялда анцІго сонгІанасеб заманаялъ ирсалъе кьуна Аллагьас. Цинги Шамуил авараг витІизегІан Аллагьас гьезие къадизаби кьуна.</verse>
				<verse number="20"></verse>
				<verse number="21">Хадуб гьез парччахІ кьейилан гьаридал, Аллагьас гьезухъе витІана Буняминил наслуялъул Кишил вас Шаул. КІикъого соналъ гьес парччахІлъи гьабуна гьезие.</verse>
				<verse number="22">Цинги, гьевги тІаса рехун, Давуд авараг гьезие парччахІлъун гьавуна. Гьесул хІакъалъулъин Аллагьас гьадин абураб: «Дица Йессейил вас Давуд тІаса вищана. Гьев Дие рекІее гІуна. Дие бокьарабщинаб гьабизе буго гьес».</verse>
				<verse number="23">Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе.</verse>
				<verse number="24">Гьев ГІиса вачІиналде ЯхІя аварагас тІолабго Исраилил халкъалда лъазабуна кантІун Аллагьасде руссине лъадалъ ччун рахъаян.</verse>
				<verse number="25">Жиндирго гьеб нухлул ахиралде щолев вугеб мехалъ, ЯхІяца абуна: «Нужеца дун щивлъун рикІкІунев вугев? Дун Дов гуро. Дидаса хадув вачІине вуго жиндир хьитил рухьен бичизецин дун мустахІикъав гьечІев чи».</verse>
				<verse number="26">Я, дир вацал — Ибрагьимил наслуялъул лъимал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал! Нилъеейин Аллагьас битІараб нилъ хвасар гьарулеб гьеб рагІи.</verse>
				<verse number="27">Амма Иерусалималъул гІадамазда ва гьезул хІакимзабазда гьев лъачІелъул ва щибаб шамат къоялъ цІалулел Аварагзабазул ТІухьдузда хъван букІарабги бичІчІичІелъул, гьез гьесие тамихІ гьабуна ва цебеккунго дол Илагьиял ТІухьдузда хъван букІарабги ритІухълъана.</verse>
				<verse number="28">ЧІвазе гІураб гІайиб-хатІа тІадчІезабизе кІвечІониги, гьез Пилатида гьарана ГІиса чІвазе къотІеян.</verse>
				<verse number="29">ГІисал хІакъалъулъ Илагьиял ТІухьдузда цебеккунго хъван букІарабщинаб гьел гІадамаз гьабун хадуб, гъотІодасаги вахъун, хабалъ вукъана гьев.</verse>
				<verse number="30">Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна.</verse>
				<verse number="31">Гьелдаса хадув гІезегІан къояз вачІана гьев Галилеялдаса Иерусалималде щвезегІан жиндаго цадахъ рукІарал дол гІадамазухъе. Гьанже гьел гІадамал руго халкъалда цере гьесул нугІзаллъун.</verse>
				<verse number="32">Нижецайин абуни нужеда Рохалил хабар бицунеб буго, Аллагьас нилъер умумузе гьабун букІараб къотІи гьес нилъее —</verse>
				<verse number="33">гьезул лъималазе — тІубазабун, ГІиса хваралъуса вахъинавунилан. Гьадин хъван буго Забуралъул кІиабилеб туркиялда: «Мун Дир вас вуго. Жакъа Дун дур Эменлъун лъугьана».</verse>
				<verse number="34">Ракьулъ турун тІагІунгутІизе ГІиса жинца хваралъуса вахъинавиялъул хІакъалъулъ Аллагьас гьадин абун букІана: «Аллагьас Давудида лъураб баркат — лъиданиги кодоса бахъизе кІолареб Илагьияб баркат — лъела Дица дуда».</verse>
				<verse number="35">Гьелъулго хІакъалъулъ цоги туркиялда руго Давудица абурал гьадинал рагІаби: «Дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо Дуца».</verse>
				<verse number="36">Жиндирго халкъалда гьоркьоб Аллагьасул амруги тІубазабун, Давуд къадаралде щвана, жиндирго умумузда хадув ана ва гьесул черхги ракьулъ турана.</verse>
				<verse number="37">Амма Аллагьас хваралъуса вахъинавурасул черх ракьулъ туричІо.</verse>
				<verse number="38">[38-39] Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи.</verse>
				<verse number="39"></verse>
				<verse number="40">Гьединлъидал, воре, нуж цІодорго рукІа, аварагзабазул гьадинаб калимаялда бугеб иш лъугьине гурин нужеего:</verse>
				<verse number="41">«Ле, иман инжит гьабун гаргадулел гІадамал, нуж ралагье, хІикмалъе ва паналъе, нужер заманаялда Дица гьабизе бугелъулха бицунилан кинго нуж божизе гьечІеб иш».</verse>
				<verse number="42">Барнабаги Павелги синагогаялъуса къватІире рахъунаго, гІадамаз гьезда гьарана хадусеб шамат къоялъги жидее гьединаб вагІза гьабизе рачІаян.</verse>
				<verse number="43">Гьеб данделъи биххун хадур гІемерисел жугьутІал ва Аллагьасе гІибадат гьабулел цогидал халкъазул гІадамал Павелидаги Барнабадаги хадур ана. Гьев кІиясгойин абуни гьезда малъулеб букІана Аллагьас гьезие кьураб баркатгун рукІайилан.</verse>
				<verse number="44">Нахъисеб шамат къоялъ тІолабгоялде гІунтІун шагьаралъул халкъ бачІана Аллагьасул рагІухъ гІенеккизе.</verse>
				<verse number="45">Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана.</verse>
				<verse number="46">Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: — Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго!</verse>
				<verse number="47">Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе».</verse>
				<verse number="48">Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна.</verse>
				<verse number="49">Гьеб рахъалдаги тІибитІана Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="50">Амма Аллагьасе гІибадат гьабулел ва къадру-къимат бугел руччабиги шагьаралъул хІакимзабиги Павелидаги Барнабадаги данде гьусун тІамуна жугьутІаз. Гьез гьев кІиявго шагьаралдаса къватІиве гъуна.</verse>
				<verse number="51">Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана.</verse>
				<verse number="52">Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Икониялдаги гьез, жугьутІазул синагогаялъуре лъугьун, вагІза гьабуна, ва гІемерисел жугьутІалги цогидал халкъазул гІадамалги божана гьезда.</verse>
				<verse number="2">Амма гьезда божичІел жугьутІаз, иман лъуразда данде гьусун тІамун, цогидал халкъазул гІадамазул рекІелъ гьездехун ццин багъаризабулеб букІана.</verse>
				<verse number="3">Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги.</verse>
				<verse number="4">Шагьаралъул халкъ кІийиде бикьана гьебмехалъ: цоял жугьутІазул рахъалда рукІана, цогидал чапарзабазул рахъалда рукІана.</verse>
				<verse number="5">Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе.</verse>
				<verse number="6">Гьеб хабар лъарабго, гьел гьениса Ликаониялде лъутун ана. Гьел рукІана Листра ва Дербия шагьараздаги гьезда сверухъ ругел бакІаздаги.</verse>
				<verse number="7">Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="8">Листраялда вукІана эбелалъ гьавуралдаса нахъего палижалъ ккурав, гІумруялъ жиндирго бохдузда вахъун чІун вилълъанхъичІев цо чи.</verse>
				<verse number="9">Павелихъ гІенеккун вукІана гьев. ЛъикІго гьесухъ валагьидал, Павелида бичІчІана живго сахлъизе вукІиналда ракІ-ракІалъго божарав чи гьев вугевлъи.</verse>
				<verse number="10">— ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! — ян ахІана гьесде Павелица. ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев.</verse>
				<verse number="11">Павелица гьабураб иш бихьидал, гьенир рукІарал гІадамал ликаоназул мацІалда ахІдезе лъугьана инсанасул сураталда аллагьзаби рещтІун ругин жидехъеян.</verse>
				<verse number="12">Барнабада гьез Зевсилан цІар лъуна. ВагІза-насихІат гьабун цІикІкІун кІалъалев вукІиндал, Павелида цІар Гермесилан лъуна.</verse>
				<verse number="13">Шагьаралъул каву бахун къватІибехун букІараб Зевсил сураталъе хъулухъалъе тарав цо динияв чи, оцалги цере къотІун, тІугьдузул горалги росун, гІемераб халкъги цадахъ бачун, гьав кІиясулго хІурматалда къурбан хъвезе кавудухъе вачІана.</verse>
				<verse number="14">Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар — Барнабаги Павелги, — тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана:</verse>
				<verse number="15">— Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго.</verse>
				<verse number="16">Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине.</verse>
				<verse number="17">Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан.</verse>
				<verse number="18">Гьединаб хабар бицун хІалицаго кІвана Павелидаги Барнабадаги жидер хІурматалда къурбан хъвеялдаса гьел руссинаризе.</verse>
				<verse number="19">Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана.</verse>
				<verse number="20">Амма муридал рачІун аскІор чІедал, тІаде вахъун, шагьаралде ана Павел. Нахъисеб къоялъ Барнабаги вачун гьев Дербиялде ана.</verse>
				<verse number="21">Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана,</verse>
				<verse number="22">муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: — ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, — ян.</verse>
				<verse number="23">Иман лъуразул щибаб агьлуялъе диниял бутІрулги тІамун тун, какал ран, кІалал ккун, нахъе унеб мехалъ гьез муридал толаан жидеца иман лъурав ТІадегІанасул цІобалда божун.</verse>
				<verse number="24">Писидиялдасан ун гьел Памфилиялде щвана.</verse>
				<verse number="25">[25-26] Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ.</verse>
				<verse number="26"></verse>
				<verse number="27">Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан.</verse>
				<verse number="28">Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан.</verse>
				<verse number="2">Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе.</verse>
				<verse number="3">Гьедин иман лъуразул агьлуялъ ритІун, Финикиялдасан ва Самариялдасан унаго, гьенир ругел вацазда гьез мухІканго бицана цогидал халкъазул гІадамазги иман лъунилан. Кутакалда рохана гьел гьеб хабаралдаса.</verse>
				<verse number="4">Иерусалималде щвараб мехалъ иман лъуразул агьлуялъги, гьенир рукІарал чапарзабазги ва диниял бутІрузги рохун къабул гьаруна Павелги Барнабаги. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидер гьениб ккарабщиналъулги бицана гьазда.</verse>
				<verse number="5">Фарисеязул мазгьабалда ругел цо-цо иман лъураз, тІаде рахъун, абуна: — Цогидал халкъаздаги нилъеца лъазабизе ккола Мусал къанунги цІунейин, сунатги гьабейилан.</verse>
				<verse number="6">Чапарзабиги диниял бутІрулги данделъана гьеб суал гьоркьоб лъезе.</verse>
				<verse number="7">ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна: — ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала.</verse>
				<verse number="8">Щивав чиясул рекІелъ бугебги лъалев Аллагьас, нилъее гІадин, цогидал халкъазеги Илагьияб РухІ сайигъат гьабуна, жинца гьел къабул гьарунилан.</verse>
				<verse number="9">Гьезулги ракІал рацІцІалъизарун, цогидал халкъаздаги нилъедаги гьоркьоб щибго батІалъи гьабичІо Аллагьас.</verse>
				<verse number="10">Я нилъер умумузда, я нилъеда хІехьезе кІвечІеб рукь муридазул гарбидеги ккезабун, щай нужеца Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб бугеб?</verse>
				<verse number="11">Амма нилъ божула ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун нилъ хвасарлъизе рукІиналда, гьединго гьелги хвасарлъизе рукІиналда.</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ.</verse>
				<verse number="13">Гьезул хабар лъугІараб мехалъ, Якъубица байбихьана кІалъазе. Гьес абуна: — Нуж дихъ гІенекке, вацал!</verse>
				<verse number="14">Симоница гьабсагІат нилъеда бицана, гьезда гьоркьоса тІаса рищарал гІадамалги жиндирго халкълъун лъугьине бокьун, Аллагьас тІоцебесеб нухалъ цогидал халкъазул тІалаб-агъаз гьабунилан.</verse>
				<verse number="15">Гьеб данде кколеб буго аварагзабазул гьадинаб калимаялда:</verse>
				<verse number="16">«Гьелдаса хадув Дун тІадвуссина ва биххун букІараб Давудил рукъ къачІала, гьелъул чІваднал лъугІизарила, гьеб цІидасан бала.</verse>
				<verse number="17">Цинги цогидал киналго гІадамал, хІатта Дица дирго халкълъун рикІкІине ругел цогидал халкъазул гІадамалги, Диде руссина».</verse>
				<verse number="18">Гьедин абулеб буго БетІергьанас, гьесдасан гІадамазда цебеккунго лъалеб букІарабщинаб гьабула гьес.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан.</verse>
				<verse number="20">Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан.</verse>
				<verse number="21">Мусал къанунин абуни, цебе заманаялдаса нахъего халкъалда бичІчІизабула щибаб шагьаралда щибаб шамат къоялъ синагогабазда цІалун.</verse>
				<verse number="22">Цинги чапарзабазги диниял бутІрузги, тІолабго иман лъуразул агьлуги разилъун, хІукму гьабуна Павелидаги Барнабадаги цадахъ Антиохиялде, жидедаго гьоркьоса вищун, кІиго чи витІизе. Гьез тІаса рищана жидедаго гьоркьор хІакимзабилъун рукІарал Барсаббайин абулев Ягьудаги Силаги.</verse>
				<verse number="23">Гьезухъе кьун, гьадинаб кагъатги битІана: «Нужер вацазул — чапарзабазул ва диниял бутІрузул — рахъалдасан салам буго Антиохиялда, Сириялда ва Киликиялда ругел диналъул вацазде — цогидал халкъаздасан лъугьарал вацазде.</verse>
				<verse number="24">Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан.</verse>
				<verse number="25">Гьединлъидал нижеца, киналго разилъун, хІукму гьабуна нижее хириял Барнабадаги Павелидаги цадахъ тІаса рищун нужехъе вакилзаби ритІизе.</verse>
				<verse number="26">Барнабаги Павелги руго ТІадегІанав МасихІ ГІисал цІаралъе гІоло гІумру кьурал гІадамал.</verse>
				<verse number="27">Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад.</verse>
				<verse number="28">Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго — паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан.</verse>
				<verse number="29">Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, — гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам».</verse>
				<verse number="30">Гьеб данделъи биххун хадур гьел ункъалго Антиохиялде ана. Доре щведал, киналго данде ракІарун, кагъат гьезухъе кьуна.</verse>
				<verse number="31">Гьеб кагъат цІалидал, муридал рохана гьединаб насихІаталдаса.</verse>
				<verse number="32">Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана.</verse>
				<verse number="33">Цо заманаялдасан кІудияб хІурмат-адабгун Ягьудаги Силаги тІоритІизе рахъана вацал, ва жалго гьенире ритІарал вацазухъе тІадруссана гьел кІиялго.</verse>
				<verse number="34">[34-35] Павелги Барнабаги Антиохиялда чІана, гІемерал цогидал муридазда цадахъ ТІадегІанав ГІисал рагІи тІибитІизабулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="35"></verse>
				<verse number="36">Цо чанго къоялдасан Павелица Барнабада абуна: — РачІа нилъ тІадруссун рилълъинин ва, ТІадегІанав ГІисал рагІи нилъеца тІибитІизабураб щибаб шагьаралде щун, вацал кин ругелали хал гьабилин.</verse>
				<verse number="37">Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине.</verse>
				<verse number="38">Амма Павелида ракІалде ккана доба, Памфилиялда, гьелги рехун тун нахъе арав, гьезул ишалъе гьелдаса хадуб кумекги гьабичІев чи цадахъ вачун лъикІ гурилан.</verse>
				<verse number="39">Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана.</verse>
				<verse number="40">БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун,</verse>
				<verse number="41">гьев Сириялдасан ва Киликиялдасан ана, иман лъуразул агьлуги щулалъизабулаго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав.</verse>
				<verse number="2">Листраялда ва Икониялда ругел вацаз веццана гьасие Тимофей.</verse>
				<verse number="3">Павелие бокьана гьев цадахъ вачине. Гьединлъидал гьеб рахъалда ругел жугьутІазул тІадкІалъай букІунгутІизе Тимофейие сунат гьабуна. Гьезда киназдаго лъалеб букІиндалха гьасул эмен грекав вукІин.</verse>
				<verse number="4">Гьедин цо шагьаралдаса цоги шагьаралде ун, гьез диналъул вацазда бицунеб букІана Иерусалималда чапарзабазги диниял бутІрузги гьабураб хІукмуялъул хІакъалъулъ. Гьарулеб букІана гьеб тІубазабеян.</verse>
				<verse number="5">Къоялдаса къоялде иман лъуразул агьлуялъул иман щулалъулеб букІана, муъминзаби гІемерлъулел рукІана.</verse>
				<verse number="6">Рохалил хабар босун Асиялде ине Илагьияб РухІалъ гьезие изну кьечІелъул, Павелги гьесда цадахъ рукІаралги ана Фригиялдасан ва Галатиялдасан.</verse>
				<verse number="7">Амма Мисиялда дандбитІун бугеб бакІалде щун Битиниялде ине къасд гьабидал, ГІисал РухІалъ гьениреги риччачІо гьал.</verse>
				<verse number="8">Гьедин Мисияги къотІун ун Троадаялде щвана.</verse>
				<verse number="9">Гьеб сордоялъ цебетІами лъугьун тІаде вачІун Македониялдаса цо чияс Павелида гьарана ралъад къотІун жидехъе Македониялде вачІайилан ва жидее кумек гьабейилан.</verse>
				<verse number="10">Павелие гьеб цебетІами лъугьун хадуб Македониялде ине гІедегІана ниж. Нижеда бичІчІидалха Рохалил хабар бицине Аллагьас ниж гьенире ахІулел ругеблъи.</verse>
				<verse number="11">Троадаялдаса гамида рекІун ниж Самофракия чІинкІиллъиялде ана. Нахъисеб къоялъ Неаполалде ана.</verse>
				<verse number="12">Гьенисаги ана Филиппиялде. Гьеб батана Македониялъул гьеб рахъалда бугеб кІудияб шагьар, Рималъул кверщаликь бугеб вилаят. Гьениб нижеца чанго къо бана.</verse>
				<verse number="13">Шамат къоялъ ниж ана шагьаралдаса къватІибехун бугеб гІурул рагІалде, жугьутІаз какал ралеб бакІ гьениб бугилан ккун. Гьенире рачІарал руччабазда аскІор гІодор чІун, гьелгун гара-чІварулел рукІана ниж.</verse>
				<verse number="14">Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе.</verse>
				<verse number="15">Гьелдаса хадур гьейги гьелъул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъидал, гьей гьардезе лъугьана: — ХІакълъунго дун ТІадегІанасда божулей йикІиналда нужер ракІчІей батани, дихъе гьоболлъухъ рилълъа, — ян. Жиндаго цадахъ рилълъине разилъизаруна гьелъ ниж.</verse>
				<verse number="16">Цо къоялъ какал ралеб бакІалде унаго, цо гІолохъанай гъараваш данде ккана. Гьей йигоан карамалъи бугей гІадан, букІине-ккезе бугебщинаб цебеккунго бицунеб жен букІана гьелъул чорхолъ. Гьедин пал тІамун гьелъ гІемераб гІарац бакІарулаан жиндирго бетІергьабазе.</verse>
				<verse number="17">Павелидаги нижедаги хадуй ячІунаго, чІчІичІчІидана гьей: — Гьал руго ТІадегІанав Аллагьасе гІибадат гьабулел гІадамал. Гьез нилъеда бихьизабулеб буго нилъ хвасарлъулеб нух!</verse>
				<verse number="18">Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда: — МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян! Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб.</verse>
				<verse number="19">Жидее щолеб букІараб хайиралдаса махІрумлъарал гьей гъаравашалъул бетІергьабаз, ккун рачун, Павелги Силаги базаркъотІноре хІакимзабазда аскІоре щвезаруна. Гьелги судиязухъе рачун:</verse>
				<verse number="20">— Гьал жугьутІал руго, — ян абуна гьез, — гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго.</verse>
				<verse number="21">Нилъеца — Рималъул гІадамаз — къабул гьаризеги тІуразаризеги бегьуларел гІадатал тІиритІизарулел руго гьаз.</verse>
				<verse number="22">Халкъ цадахъго Павелидаги Силадаги тІаделъана. Къадияз амру гьабуна, тІаса ретІелги бахъун, хьопоца рухеян.</verse>
				<verse number="23">ЛъикІго хьопоцаги рухун, туснахъалъур тІамуна гьел. Туснахъалъул хІакимасдаги лъазабуна лъутиларедухъ хъаравуллъи чІезабеян.</verse>
				<verse number="24">Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана.</verse>
				<verse number="25">Сордо бащалъулеб заманаялда Павелги Силаги дугІаби гьарулел ва Аллагь веццун туркаби ахІулел рукІана. Гьазухъ гІенеккун цогидал туснахъалги рукІана.</verse>
				<verse number="26">Тохлъукьего кутакалда ракь багъарана. КьучІдасанго гьаргьадизе лъугьана туснахъалъул къадал. ГьебсагІат киналго нуцІби рагьун ана, туснахъалъур ругезда ран рукІарал хІухьдул рортун ана.</verse>
				<verse number="27">Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев.</verse>
				<verse number="28">— Воре, дуца дуего жаза гьабуге, ниж киналго гьанир руго, — ян ахІана гьесде Павелица.</verse>
				<verse number="29">Кан босизе чиги витІун, туснахъалъул хІаким векерун жаниве ана ва сородилаго Павелидаги Силадаги цеве кІалагъоркье речІчІана.</verse>
				<verse number="30">Цинги гьес, гьелги къватІире рачун, гьикъана: — Я, бетІерчІахъадал! Хвасарлъизе ккани, щиб дица гьабизе кколеб?</verse>
				<verse number="31">— ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, — ян абуна гьез.</verse>
				<verse number="32">Цинги гьесдаги гьесул рукъалъул агьлуялдаги Аллагьасдасан Рохалил хабар бицана.</verse>
				<verse number="33">Гьеб сордоялъ рокъоре рачун гьес Павелилги Силалги ругънал чурана. ГьебсагІат гьез гьевги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана.</verse>
				<verse number="34">ТІаде рачун гьес гьезие лъикІаб гьоболлъи гьабуна, Аллагьасде иман лъеялдаса кутакалда рохун рукІана гьевги гьесул рукъалъул агьлуги.</verse>
				<verse number="35">Нахъисеб къоялъ радал судияз туснахъчиясухъе жидерго нукарзаби ритІун рачІана дов кІиявго чи къватІиве виччаян лъазабизе.</verse>
				<verse number="36">Павелида аскІове вачІун туснахъчияс абуна: — Судияз чагІи ритІун рачІун руго нуж къватІире риччайилан лъазабизе. Гьанже нуж берцинго нахъе а гьаниса.</verse>
				<verse number="37">Павелица гьезда абуна: — Рималъул гражданал рукІиналъухъги балагьичІого, судалъ хІукмуги гьабичІого, халкъалда цере рачун рухана ниж, цинги туснахъалъур тІамуна. Гьанже балъгого гьаниса яризаризе къваригІун бугин ккола. Гьелда ниж рази гьечІо. РачІинеги рачІун гьез жидецаго рачеян абе ниж гьаниса къватІире!</verse>
				<verse number="38">Туснахъчиясухъе ритІун рукІарал нукарзабаз судиязда бицана гьадин абулеб бугин дозилан. Гьел хІинкъана Павелги Силаги Рималъул гражданал рукІин лъараб мехалъ.</verse>
				<verse number="39">ТІасалъугьинаризе рачІун, гьез гьав кІиявго туснахъалъуса къватІиве вачана ва шагьаралдаса нахъе айилан гьарана.</verse>
				<verse number="40">Гьелин абуни, туснахъалъуса къватІире риччаралго, Лидиял бакІалде ана. Цинги, вацалгун дандчІвараб мехалъ, гьезие насихІатги гьабун, сапаралде рахъана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="17">
				<verse number="1">Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде.</verse>
				<verse number="2">Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="3">Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: — МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса.</verse>
				<verse number="4">ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги.</verse>
				<verse number="5">Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян.</verse>
				<verse number="6">Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: — Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго.</verse>
				<verse number="7">Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез!</verse>
				<verse number="8">Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна.</verse>
				<verse number="9">Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги.</verse>
				<verse number="10">Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре.</verse>
				<verse number="11">Фессалоникаялда ругездаса лъикІал ратана гьенир жугьутІал. МухІканго гІенеккана гьел гьазул рагІухъ. Гьазул хабар ритІухъаб бугищали лъазе щибаб къоялъ Илагьиял ТІухьдул цІализе лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="12">Гьазда божана гІемерисел жугьутІал, иман лъуразда гъорлъ дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел греказул руччаби, гІезегІан рукІана бихьиналги.</verse>
				<verse number="13">Павелица Аллагьасул рагІи Бероялдаги тІибитІизабулеб бугилан рагІидал, Фессалоникаялдаса жугьутІаз, гьениреги рачІун, шагьаралъул халкъ гьезда данде гьусун тІамулеб букІана.</verse>
				<verse number="14">Гьеб параялъго вацаз гамида рекІине ралъдал рагІалде витІана Павел. Силаги Тимофейги гьенирго чІана.</verse>
				<verse number="15">Павел тІовитІизе ун рукІарал гІадамал, Афиниялде гьевги щвезавун, хехго жинда тІаде щвайилан Силахъеги Тимофейихъеги гьесул ругьелги босун, тІадруссун рачІана.</verse>
				<verse number="16">Силаги Тимофейги рачІинегІан Афиниялда чІун вукІарав Павелил цІакъ ракІ бакъвана гьеб шагьаралда гьересиаллагьзабазул гІемерал суратал рихьун.</verse>
				<verse number="17">Синагогаялъуве лъугьун гьес гара-чІвари гьабулаан жугьутІазулгун ва Аллагьасе гІибадат гьабулел греказулгун. Щибаб къоялъ базаркъотІнове ун, гьенир ратаразеги бицунаан Павелица хабар.</verse>
				<verse number="18">Гьенир Павелида ратана цо-цо философал — Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин.</verse>
				<verse number="19">Ареопаг абулеб мажлисалде вачун, Павелида гьез абуна: — Нижее лъазе бокьун буго кинаб гІелмуялъул дуца бицунеб бугебали.</verse>
				<verse number="20">ЦІакъ хІикматаб хабар рагІулеб буго нижер гІундузда, гьединлъидал гьелъул магІна лъазе бокьун буго.</verse>
				<verse number="21">(Афиниялъул халкъги къватІиса рачІарал апарагзабиги рукІунаан цІия-лъияб хабаралъул бицун накъиталда заман инабулел.)</verse>
				<verse number="22">Мажлисалда цевеги чІун, Павелица абуна: — Я, Афиниялъул гІадамал, дида бихьулеб буго нуж сундулъго цІакъ диниял чагІи ругеблъи.</verse>
				<verse number="23">Шагьаралъул къватІахъ тирулаго гІемерал хириял бакІал ратана дида гьенир. ХІатта, «Щивали лъаларев аллагьасе» абун хъвай-хъвагІай гьабураб къурбан хъолеб бакІцин бугоан. Гьеле гьев, щивалицин лъалев гьечІониги, нужеца тІагІат гьабулев Аллагьасул динин дица тІибитІизабулеб бугеб.</verse>
				<verse number="24">Гьев вуго гьаб дуниялги дуниялалда бугебщинабги бижарав Аллагь. Зоб-ракьалъул БетІергьан вугелъул, инсанасул квераз рахъун чІезарурал кІалгІабазда жанив чІоларо гьев.</verse>
				<verse number="25">Яги инсанасул квераздалъун жиндие хъулухъ гьабизе ккаравги гуро Аллагь. Киданиги щибниги хІажалъуларо гьесие. Гьесин киналъего гІумруги, хІухьелги, цогидабщинабги кьолеб.</verse>
				<verse number="26">Аллагьас тІоцеве цохІо чиясдасан лъугьинаруна дуниялалда ругел киналго халкъал. Щибаб халкъалъе болжалги ва чІезе бакІалъе гІорхъалабиги рихьизаруна.</verse>
				<verse number="27">Аллагьас гІадамазе рес кьуна гьев валагьизе, гьев вукІин гьезул ракІалъ бицине ва гьезда гьев Аллагь ватизеги. Нилъер щивав чиясдаса рикІкІад гьечІелъулха гьев Аллагь.</verse>
				<verse number="28">Гьесдалъун чІаго руго нилъ, гьесдалъун рахъун чІун руго нилъ, гьесдалъун гІумру гьабулеб буго нилъеца. Гьелъул хІакъалъулъин нужер цо шагІирас гьадин хъван букІараб: «Нилъ киналго Гьесул Лъимал ругелъул...»</verse>
				<verse number="29">Гьедин Аллагьасул лъималлъун нилъ кколеб мехалъ, нилъеца бегьилищ меседалдасан, гІарцудасан, яги ганчІидасан лъугьинабураб жо илагьияб бугилан абизе, гьеб кинабго бугелъул устарасул квералъ гьабураб ва гьесул бетІералъ ургъараб жо.</verse>
				<verse number="30">Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян.</verse>
				<verse number="31">Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав.</verse>
				<verse number="32">Хваралъуса вахъинавиялъул Павелица рехсей гьабидал, цо-цояз гьев гІад-хочІ гьавуна, цогидаз абуна гьелъул бицине цоги нухалъ вачІайилан.</verse>
				<verse number="33">Павел гьезул мажлисалдаса нахъе ана.</verse>
				<verse number="34">Амма гьесул рахъ ккун иман лъурал гІадамалги ккана. Гьезда гъорлъ рукІана мажлисалдаги гІахьаллъулев Дионисий абулев чи, Дамар абун цІар бугей чІужугІадан ва цогидалги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="18">
				<verse number="1">Цинги Павел Афиниялдаса Коринфалде ана.</verse>
				<verse number="2">Гьенив гьасда ватана Понталдаса Аквила абун цо жугьутІав. Рималдаса киналго жугьутІал нахъе гъейилан бахъараб Клавдий къайсарасул буюрухъги тІубазабун, жиндирго чІужу Прискиллагун цадахъ Италиялдаса гочун вачІун вугоан гьев. Гьезухъе ваккизе ана Павел.</verse>
				<verse number="3">Жанир гІадамал чІолел чадрал гьарун бетІербахъарал чагІи ратана гьел рос-лъади. Гьебго махщелалъул чи Павелги вукІиндал, гьезда цадахъ хІалтІизе лъугьана гьавги.</verse>
				<verse number="4">Щибаб шамат къоялъ синагогаялъуве ун, жугьутІалги грекалги мукІур гьаризе кІвелародайилан, гьелгун гара-чІварулаан Павел.</verse>
				<verse number="5">Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе.</verse>
				<verse number="6">Амма, дандечІун, Павел какулев вукІана жугьутІаз. Гьединлъидал, жиндирго ратІлидаса хІурги кІутІун, гьес абуна: — Нуж хвалде иналъул гІайибиял нужго руго. Дида гІайиб гьечІо. Гьанже дун цогидал халкъазухъе ана.</verse>
				<verse number="7">Цинги синагогаги рехун тун, гьев вахъана Аллагьасе гІибадат гьабулев Титий Юст абулев цо чиясул гьениб аскІобго букІараб минаялъуве.</verse>
				<verse number="8">Синагогаялъул бетІер Криспицаги гьесул рукъалъул агьлуялъги ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьенир Павелихъ гІенеккарал Коринфалдаса гІезегІанго чагІаз иман лъуна ва лъадалъ ччун рахъизаруна.</verse>
				<verse number="9">Цо сордоялъ илгьам лъугьун ТІадегІанас Павелида абуна: — Мун хІинкъуге! ВуцІцІун чІечІого, вагІза-насихІат гьабе.</verse>
				<verse number="10">Дун дуда цадахъ вукІин лъай. Гьаб шагьаралда гІемер руго дица тІаса рищарал гІадамал. Гьединлъидал дуда аскІове къан, дуе зарал-зиян гьабулев чи вукІине гьечІо.</verse>
				<verse number="11">Гьедин лъагІелгун бащдалъ гьенив чІана Павел ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна.</verse>
				<verse number="12">Ахая вилаяталъул наиблъун Галлион вугеб заманаялда, киналго рекъон жугьутІал Павелида тІаде кІанцІана ва гьев судалде вачана.</verse>
				<verse number="13">Гьез абуна: — Къануналда данде кколареб къагІидаялъ Аллагьасе дин гьабеян малъулеб буго гьав чияс халкъалда.</verse>
				<verse number="14">Павелица кІалъазе кІал ричІилалдего, Галлионица жугьутІазда абуна: — Ле, жугьутІал, гьас цо квешлъи гьабун букІарабани яги гьасда цоги такъсир ккун букІарабани, ритІухъаб суд гьабилаан дица гьасие.</verse>
				<verse number="15">Кинабалиго рагІийила, лъилалиго цІарила, нужер къанунила, — нужер иш буго гьеб. Гьеб ишалда хурхараб суд гьабиларо дица.</verse>
				<verse number="16">Цинги гьес суд гьабулеб рокъоса къватІире гъуна жугьутІал.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ киналго синагогаялъул хІаким Сосфенида тІаде рортана ва суд гьабулеб рукъалда цеве гьев вухизе лъугьана. Амма Галлионица я гІин, я бер рехичІо гьезул гьеб гъалмагъиралде.</verse>
				<verse number="18">Гьелдаса хадубги Павелица гІезегІанго къоял рана гьенир. Цинги, вацазе къолъикІги гьабун, гамидаги рекІун, Сириялде ана. Гьесда цадахъ ана Прискиллаги Аквилаги. Кенхреялде щведал, гьес ботІрол рас къунцІана. Гьеб букІана Аллагьасе назруялъул болжал лъугІараб заман.</verse>
				<verse number="19">Цинги гьел Эфесалде щвана. Синагогаялъуве ана Павел, гьенир рукІарал жугьутІалгун гара-чІваризе.</verse>
				<verse number="20">Гьез Павелида гьарана дагьаб мехалъги гьенив жидеда аскІов чІайилан, амма гьев разилъичІо.</verse>
				<verse number="21">Гьезулгун къолъикІ гьабулаго, Павелица абуна, Аллагьас хъван батани, жив нахъеги нужехъе вачІинилан. Цинги гьев, Прискиллаги Аквилаги гьенир тун, гамидаги рекІун, Эфесалдаса нахъе ана.</verse>
				<verse number="22">Къайсарияталда гамидасаги рещтІун, Иерусалималде ана. Гьениб иман лъуразул агьлуялъе саламги кьун, Антиохиялде ана.</verse>
				<verse number="23">Дагьаб мехалъ гьенивги чІун, нахъе ана. Иргадал Галатиялъул ва Фригиялъул шагьаразде щун, гьенир рукІарал муридазул иман щула гьабизе квербакъи гьабуна.</verse>
				<verse number="24">Эфесалде вачІана Искандарияталдаса Аполлос абун цІакъ кІал-мацІ пасихІав цо жугьутІав. Илагьиял ТІухьдузда хъваралъул магІна лъалев пагьмуяв чиги вукІана гьев.</verse>
				<verse number="25">Гьелдасаги цебе ТІадегІанав ГІисал Нух жинда бичІчІизабурав чи вукІана Аполлос. Лъадалъ ччун рахъиялъул хІакъалъулъ ЯхІя аварагас малъулеб букІараб гурони лъаларев Аполлосица, кІалдиб цІа ккун, цІакъ дурусго бицунеб ва бичІчІизабулеб букІана ГІисал хІакъалъулъ кинабго жо.</verse>
				<verse number="26">Синагогаялъуве лъугьун, гьес хІинкъичІого хабар бицунеб рагІидал, Прискиллацаги Аквилацаги гьев рокъове ахІана ва дагьабги якъинго бичІчІизабуна гьесда Аллагьасул Нух.</verse>
				<verse number="27">Цинги Аполлосие Ахаялде ине бокьидал, вацазул рекІее гІуна гьесул къасд ва дора ругел муридазухъе кагъатги хъвана гьев къабул гьавеян. Дове щведал, Ахаялда гьесдасан кІудияб квербакъи лъугьана Аллагьас цІоб лъуразул иман щулалъиялъе.</verse>
				<verse number="28">Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="19">
				<verse number="1">Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда</verse>
				<verse number="2">гьикъана гьес: — Иманалде руссараб мехалъ Илагьияб РухІ лъугьанищ нужелъе? — ян. Гьеб Илагьияб РухІалъул хІакъалъулъ жидеда рагІизего рагІичІилан абуна гьез.</verse>
				<verse number="3">Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан.</verse>
				<verse number="4">Павелица гьезда абуна: — ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан.</verse>
				<verse number="5">Гьеб рагІидал гьел муридал, ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъана.</verse>
				<verse number="6">Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана.</verse>
				<verse number="7">Кинавниги анцІила кІигогІанасев чи вукІана гьезул.</verse>
				<verse number="8">Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица.</verse>
				<verse number="9">Амма цо-цо гІадамал чанкІкІун чІун гІенеккулел рукІинчІелъул, халкъалда цебе ГІисал Нух гьез какулеб букІиндал, жиндирго муридалги рачун, гьезда аскІоса нахъе ана Павел. Цинги Тиранн абулев чиясул мадрасаялда гьабулаан гьес щибаб къоялъ вагІза-насихІат.</verse>
				<verse number="10">Гьедин ана кІиго сон. Асиялда яшав гьабун рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун Павелил квердасан цІакъго чІахІиял мугІжизатал загьирлъана.</verse>
				<verse number="12">ХІатта гьесул квербацІцІ яги ретІел-хьит унаан унтаразухъе босун, ва гьездалъун унтарал сахлъулаан, гІадамазул чорхолъа нахъе унаан хъубал жундулги.</verse>
				<verse number="13">Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: — Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян.</verse>
				<verse number="14">(Гьел рукІана Ягьудиязул цо кІудияв кашиш Скевал анкьавго вас.)</verse>
				<verse number="15">Гьеб хъубаб женалъ гьезда абуна: — Дида ГІисаги лъала, Павелги лъала щив чияли, амма нуж щал кколел?</verse>
				<verse number="16">Цинги гьеб хъубаб жен чорхолъ бугев чияс, тІадги речІчІун, гьел гІодор тІамуна. Лъукъ-лъукъун тату хварал гьел, тІад ретІелги гьечІого, тІуризе ккана гьеб рокъоса къватІире.</verse>
				<verse number="17">Эфесалда рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана гьеб хабар. Кутакаб хІинкъи лъугьана гьеб халкъалъул рекІелъе. ТІадегІанав ГІисал цІаралъе рецц гьабуна гьез.</verse>
				<verse number="18">Гьезул гІемерисез иман лъуна, Павелихъе рачІун, жидерго хъубал ишал рехсон, тавбу гьабуна.</verse>
				<verse number="19">ГІемерал сихІручагІаз жидерго тІахьал, гІадамазда рихьулеб бакІалде росун, рухІана. Гьедин рухІарал тІахьазул багьа чІезабураб мехалъ, кІикъоялда анцІазарго гъурущалде бахунеб батана гьеб.</verse>
				<verse number="20">Гьедин ТІадегІанасул къудраталдалъун тІибитІулеб ва щулалъулеб букІана Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="21">Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: — Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, — ян.</verse>
				<verse number="22">Жиндирго кІиго кумекчи — Тимофей ва Эраст гьес Македониялде цере ритІана, живгойин абуни, дагьаб заманаялъ Асиялдаго чІана.</verse>
				<verse number="23">Гьеле гьеб заманаялда лъугьана ТІадегІанасул Нухалда дандечІараб кІудияб питна.</verse>
				<verse number="24">Деметрий абун цо гІарцул устар вукІана гьенив. Артемида аллагьалъул хІурматалда бараб храмалда релълъарал гІисинал храмал гьарун ричулаан гьес. Гьесул гьеб даран-базаралъул кутакаб хайир-пайда букІана цогидал устарзабазеги.</verse>
				<verse number="25">Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна: — ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи.</verse>
				<verse number="26">Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби — гьел аллагьзабилъун кколарилан.</verse>
				<verse number="27">Гьедин нилъер махщел какун квешаб цІар чІвазе букІин гуребги, гьелдалъун хІинкъи буго нилъер кІудияй аллагь Артемидал храм щибго гуреб бакІлъун рикІкІинилан ва тІолабго Асиялдаги ва тІолабго дуниялалдаги халкъаз жиндие бетІерчІвалей гьей аллагьалъул цІар гьанже гІадин кІодо гьабиларилан.</verse>
				<verse number="28">Гьебмехалъ устарзаби ццидаца гьалаглъун ахІдезе лъугьана: — Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! — ян.</verse>
				<verse number="29">ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде.</verse>
				<verse number="30">Гьеб халкъалда гьоркьове лъугьине бокьун букІана Павелие, амма муридаз виччачІо.</verse>
				<verse number="31">Асия вилаяталъул цо-цо чІухІби-хІакимзабазги, — Павелил гьудулзабиги рукІиндалха гьел, — гьесда аскІоре чагІи ритІун рачІана театралде унгейилан абун.</verse>
				<verse number="32">Гьеб заманаялда цояс гьадин ахІун, цогидас додин ахІун, кутакаб гъалмагъир лъугьана гьениб. Гьезул гІемерисезда лъалебцин букІинчІо щай жал гьенире ракІарун ругелали.</verse>
				<verse number="33">Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана.</verse>
				<verse number="34">Амма гьев жугьутІав вукІин лъайдал, цого гьаракьалъ кІиго сагІатгІанасеб мехалъ ахІана гьез: — Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! — ян.</verse>
				<verse number="35">Цеве вахъун, шагьаралъул гІелас, гьелги гІодоре риччазарун, абуна: — Ле, Эфесалъул гІадамал! КІудияй Артемидал храмги зодисан рещтІараб гьелъул суратги цІунулел гІадамал нуж ругеллъи лъаларев чи щив вугев?</verse>
				<verse number="36">Гьелда дагІба базе бакІги гьечІеб мехалъ, гІодоре риччазе ккела нуж. Сундулъго хехдари рекъоларо.</verse>
				<verse number="37">Гьанире нужеца рачун рачІарал гьал чагІаз храмалъуб цІогьги гьабичІо, нилъер аллагь какараб рагІиги гьазул кІалдиса къватІибе бачІинчІо.</verse>
				<verse number="38">Деметрийил ва цогидал устарзабазул лъидехунниги дагІба бугеб батани, гьеб тІубазе тІадаб судги буго, наибзабиги руго. Гьезухъе гІарзалъ ине риччай.</verse>
				<verse number="39">Гьелдаса батІияб суал нужер бугеб батани, къануналда рекъон, ахІун данделъигун, гьениб тІубазе ккела.</verse>
				<verse number="40">Щибго гІиллаго гьечІого гьаб гъалмагъир нилъеца гьабидал, ургъунго питна багъаризабун бугилан, нилъеда гІайиб чІезабиялда хІинкъи буго. Щай гьанире ракІараралилан гьикъани, кьезе жаваб гьечІогури нилъер.</verse>
				<verse number="41">Гьединги абун, халкъ бикьа-биххизабун нахъе битІана гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="20">
				<verse number="1">Халкъалъул гьеб ахІи-хІур лъугІараб мехалъ, жиндихъего ахІун муридазе насихІатги гьабун, къолъикІги гьабун, Павел Македониялде ана.</verse>
				<verse number="2">Гьел вилаятаздасан унаго, халкъалъе гІемераб насихІаталъул хабарги бицунаго, гьев Грециялде щвана.</verse>
				<verse number="3">Гьениб лъабго моцІги бан, гамида рекІун, Сириялде ине къачІараб мехалъ, Павелида лъана жугьутІаз жиндие квешлъи гьабизехъин букІин. Гьединлъидал гьес хІукму гьабуна Македониялдасахун тІадвуссун ине.</verse>
				<verse number="4">Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги.</verse>
				<verse number="5">Цере ун гьел ниж рачІинегІан Троадаялда чІун ратана.</verse>
				<verse number="6">Нижин абуни, РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял инегІанги чІун, гамида рекІун Филиппиялдаса къватІире рахъана, щуго къоялдасан гьезда тІаде щвана ва цо анкь гьениб рехана.</verse>
				<verse number="7">Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар.</verse>
				<verse number="8">Ниж данделъараб тІасарокъор рекІун рукІана гІемерал чирахъал.</verse>
				<verse number="9">ГортІа гІодов чІун вукІарав Эвтих абун цІар бугев цо гІолохъанчи, Павелил хабар халалъидал, кьижун ккана. Кьижухъего гьев лъабтІалаяб ригьалъул рагьараб гордухъан къотІнове вортун ана. Рекерун ун хал гьабидал, хун ватана нижеда гьев.</verse>
				<verse number="10">Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна: — Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, — ян.</verse>
				<verse number="11">Нахъеги тІасарокъове вахун, бекун чед кванана Павелица, хъахІлъи рехизегІан гьезулгун хабар-кІалалдаги вукІун, сапаралъ вахъана гьев.</verse>
				<verse number="12">Дов гІолохъанчиги, расги лъугьинчІеб гІадин, тІаде вачана ва киналго гьелдаса цІакъ рохана.</verse>
				<verse number="13">Цинги, гамида рекІун, ниж цереккунго Ассалде ана. Нижеда ракІалда букІана гьениса Павелги цадахъ вачине, гьес абун букІана жив гьениве лъелго вачІинилан.</verse>
				<verse number="14">Ассалда Павел нижеда дандчІвараб мехалъ, гьевги вачун, гамидаги рекІун, Митиленаялде ана.</verse>
				<verse number="15">Гьенисаги гамида рекІун ун, нахъисеб къоялъ Хиос чІинкІиллъиялъул хьолбохъан лъедон, цоги къоги нухда бан, Самосалде щвана ва хадусеб къоялъ Милеталда рещтІана.</verse>
				<verse number="16">КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрам тІаде гІунтІилалде Иерусалималде щвезе бажарилародаян гІедегІун вукІиндал, Асиялда заман инабичІого рорчІизе гІоло, Эфесалде жанире лъугьинчІого ине хІукму гьабуна Павелица.</verse>
				<verse number="17">Милеталдаса Эфесалде чи витІун, гьес иман лъуразул агьлуялъул бутІрул жиндихъего ахІана.</verse>
				<verse number="18">РачІун гьел тІаде щведал, Павелица гьезда абуна: — Асиялъул ракьалда дица тІоцебе хІетІе чІаралдаса нахъе дун нужгун цадахъ вукІаравлъи лъала нужеда.</verse>
				<verse number="19">Дирго хІеренлъи-хІалимлъиялда бадиса магІу чвахулаго ва, дида дандечІарал жугьутІазул питнаби цІикІкІаниги сабруги гьабун, хъулухъ гьабуна дица ТІадегІанасе.</verse>
				<verse number="20">Нужее пайдаяб щибго жо бахчичІо дица нужедаса: халкъалда цеве вахъунги щибаб къавулъе лъугьунги вагІза-насихІат гьоркьоса къотІизе течІо.</verse>
				<verse number="21">ЖугьутІаздаги греказдаги, дунго нугІлъун чІун, дица бичІчІизабуна кантІун Аллагьасде руссаян ва нилъер ТІадегІанав ГІисаде иман лъеян.</verse>
				<verse number="22">Гьале гьанже Илагьияб РухІалъ Иерусалималде ине гьесизавулев вуго ва гьениб щиб дир ккелебалиги лъаларо.</verse>
				<verse number="23">Амма кинаб шагьаралде дун щваниги, Илагьияб РухІалдасан илгьам лъугьунеб буго Иерусалималда дида рахсал разе ругилан, дие гІазаб-гІакъуба букІине бугилан.</verse>
				<verse number="24">Дирго гІумру хиралъун гуро дун кІалъалев вугев. Дица байбихьараб иш рагІалде бахъинабун ва ТІадегІанав ГІисаца кьураб тІадкъай тІубазабун, ай Аллагьас нилъеда цІоб лъун бугилан Рохалил хабар бицун чІалде щвезе бокьун буго.</verse>
				<verse number="25">Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи.</verse>
				<verse number="26">Гьединлъидал жакъа дица лъазабулеб буго, нужеда гьоркьоса цониги чи хвасарлъичІого хутІани, гьелъул гІайиб дида гьечІилан.</verse>
				<verse number="27">Щайилан гьикъани, щибго бахчичІого дица нужеда бичІчІизабуна Аллагьасул амру.</verse>
				<verse number="28">Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца.</verse>
				<verse number="29">Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи.</verse>
				<verse number="30">Нужеда гъорлъги рахъина, муридал жидедаго хадур цІазе бокьун, гьел мекъи ккезаризе гаргадулел гІадамал.</verse>
				<verse number="31">Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги.</verse>
				<verse number="32">Гьанже дица нуж ТІадегІанасда божун толел руго ва дир хьул буго гьесул цІобалъ нуж рехун теларилан. Гьесда кІола нужее къваригІанщинаб кьезе ва, Аллагьас тІаса рищаразего гІадин, нужееги ирс насиб гьабизе.</verse>
				<verse number="33">Дица лъидасаниги тІалаб гьабичІо я гІарац, я хирияб ретІел-тІех.</verse>
				<verse number="34">Нужеда лъала диеги дида цадахъ рукІаразеги къваригІара-тараб жо дица гьал дирго кверал квалквадун балагьараблъи.</verse>
				<verse number="35">Дица сундулъго нужедаги бихьизабуна дун гІадин нужги хІалтІизе кколеллъи, загІипазе кумек гьабизе кколеблъи ва «Босаралъулъалдаса кьуралъулъ баркат цІикІкІараб буго», — ян ТІадегІанав ГІисаца абурал рагІаби кІочон тезе бегьулареблъи.</verse>
				<verse number="36">Гьединги абун, киназдаго цадахъ суждаялда чІун, дугІа гьабуна Павелица.</verse>
				<verse number="37">ГІодун магІу тІолаго, гьесда тІад хурхана, каранде къан, гьесда убачал гьаруна.</verse>
				<verse number="38">ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="21">
				<verse number="1">Гьезулгун къолъикІги гьабун, гамида рекІун ниж битІун Кос чІинкІиллъиялдехун ралагьун ана. Нахъисеб къоялъ щвана Родосалде, гьениса Патараялде ана.</verse>
				<verse number="2">Гьениб батана Финикиялдасахун ралъад къотІун унеб гама. Гьелде рахана ниж.</verse>
				<verse number="3">Кипр чІинкІиллъи бихьараб мехалъ, гьебги квегІаб рахъалдехун тун, Сириялде ана ва Тиралда рещтІана. Гамидаса юк бахъизе кколеб букІана гьениб.</verse>
				<verse number="4">Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан.</verse>
				<verse number="5">Гьеб нижер анкь индал, къватІире рахъана ниж. Жидерго лъудбигун, лъималгун шагьаралдаса къватІире ниж тІоритІизе рачІана муридал, ва ралъдал рагІалде щведал, нижеца суждаялда чІун дугІа гьабуна.</verse>
				<verse number="6">Цоцазе къолъикІги гьабун, нижги гамиде рахана, гьелги тІадруссун ана.</verse>
				<verse number="7">Тиралдаса рахъун арал нижер сапар Птолемаидаялда лъугІана. Вацазе саламги кьун, гьезда цадахъ цо къо гьениб бана.</verse>
				<verse number="8">Нахъисеб къоялъ лъелго сапаралде рахъун, Къайсарияталде щвана. Иерусалималда тІаса вищун вукІарав анкьгоясдасан цояв — Филипп — гьенив ватун, гьесда рещтІана. Гьев вукІана Рохалил хабар лъазабулев чи.</verse>
				<verse number="9">Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан.</verse>
				<verse number="10">ГІезегІанго къоял рана гьенир нижеца. Гьеб заманаялда Ягьудиялдаса Птолемаидаялде вачІана кашпу-карамалъи бугев цо Агаб абулев чи.</verse>
				<verse number="11">Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна: — Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун.</verse>
				<verse number="12">Гьеб рагІидал нижги гьеб ракьалъул гІадамалги Павелида гьардезе лъугьана Иерусалималде унгейилан.</verse>
				<verse number="13">Гьебмехалъ Павелица нижеда абуна: — Щай нуж гІодулел? Щай нужеца дирги ракІ бакъвазабулеб? Вухь-вухьун рехияли щиб гурин, ТІадегІанав ГІисае гІоло Иерусалималда хвезеги разияв вуго дун.</verse>
				<verse number="14">Гьев мукІур гьавизе кІвечІелъул, руцІцІун чІана ниж БетІергьанас хъвараб лъугьинилан.</verse>
				<verse number="15">Цо чанго къоялдасан къайи-цІаги къачІан, ниж Иерусалималде ине къватІире рахъана.</verse>
				<verse number="16">Къайсарияталдаса цо-цо муридалги рилълъана нижеда цадахъ. Гьез ниж щвезаруна тІоцересел муридаздасан цоявлъун кколев Кипралдаса Мнасонил бакІалде ва гьесда рещтІана.</verse>
				<verse number="17">Иерусалималде щведал, вацал рохана ниж рачІиналдаса.</verse>
				<verse number="18">Нахъисеб къоялъ Павел, нижги рачун, Якъубил бакІалде вилълъана. Гьенире рачІана киналго диниял бутІрул.</verse>
				<verse number="19">Павелица гьезие салам кьуна ва жиндир ишалдалъун Аллагьас цогидал халкъазда гьоркьоб гьабунщиналъул хІакъалъулъ щибго гьоркьоб течІого мухІканго бицана.</verse>
				<verse number="20">Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна: — Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал.</verse>
				<verse number="21">Дур хІакъалъулъ гьазда бицун буго дуцадила, цогидал халкъазул ракьалда ругел жугьутІазда абунги малъунги бугила Мусал диналъе хилиплъизе бегьулин, васазе сунат гьабичІониги гІолин ва нилъер гІадатал цІунизе кколарин.</verse>
				<verse number="22">Гьанже щибха нилъеца гьабизе кколеб? Гьазда лъачІого хутІиларо мун вачІун вугевлъи.</verse>
				<verse number="23">Гьединлъидал цо нижеца малъараб жо гьабе дуца: гьанив нижеда гьоркьов вуго Аллагьасе назруялъул гІадат цІунун чІарав ункъо чи.</verse>
				<verse number="24">Гьелги цадахъ рачун ун, дуцаги тІубазабе ботІрол рас къунцІизе гьезие изну щолеб рацІцІалъизариялъул гІадат. Гьезие гІологи гІарац дуцаго кье. Гьебмехалъ киназдаго лъала дур хІакъалъулъ бицунеб бугебщинаб мекъи букІин, мунги Мусал къануналда рекъон хьвадулев чи вукІин.</verse>
				<verse number="25">Иманалде руссарал цогидал халкъазул рахъалъин абуни, нижеца хІукмуги гьабун, гьезухъе кагъат битІун инчІищ гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, биги гьекъогеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунгеян ва хъахІбалъиги гьабугеян.</verse>
				<verse number="26">Гьедин нахъисеб къоялъго гьев ункъавго чиги вачун ун, Павелица рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабуна. Цинги Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьес лъазабуна рацІцІалъиялъул болжал кида лъугІизе бугебали. Гьеб болжал лъугІараб къоялъ гьезул щивасдаса къурбан хъвезе кколаан.</verse>
				<verse number="27">Гьеб иш лъугІулеб бугеб мехалъ, Мукъадасаб Рокъов гьев вихьана Асиялдаса рачІарал жугьутІазда. Гьез халкъалда гьоркьоб багъа-бачари лъугьинабуна ва тІад речІчІун Павелги ккуна.</verse>
				<verse number="28">— Я, вацал жугьутІал! — ан ахІулеб букІана гьез. — Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна.</verse>
				<verse number="29">Гьедин абиялъе гІиллаги букІана: Эфесалдаса Трофим вихьун вукІун вуго гьезда дагьав цевегІан шагьаралъул къотІносан Павелида цадахъ унев. Гьев Трофим жиндаго цадахъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вукІун ватилилан ккун буго гьезда.</verse>
				<verse number="30">ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана.</verse>
				<verse number="31">Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан.</verse>
				<verse number="32">ГьебсагІат гьев, рагъухъабиги нусилбутІрулги рачун, гьениве вортана. АзарилбетІерги рагъухъабиги рачІунел рихьун, Павел вухулел рукІарал гІадамаз гьев живго тана.</verse>
				<verse number="33">Гьебмехалъ аскІове ун, азарилбетІерас Павел нахъе вачана, кІиго рахасги бан вухьейилан буюрухъ кьуна. Цинги гьел гІадамазда гьикъана гьав щивилан, гьас гьабураб щибилан.</verse>
				<verse number="34">Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан.</verse>
				<verse number="35">Болъодухъа тІаде Павел вачунаго, тІаде гурун бачІараб халкъалъул руккелалдаса цІунизе, рагъухъабаз кодов ккун восизе ккана гьев.</verse>
				<verse number="36">Хадур лъугьун гІемерал гІадамаз ахІулеб букІана гьев тІагІинавизе кколилан.</verse>
				<verse number="37">Хъалаялъул кавудухъе щведал, Павелица азарилбетІерасда абуна цо кІалъазе бегьилищилан. — Дуда греказул мацІищ лъалеб? — ан гьикъана гьес.</verse>
				<verse number="38">— Дагьаб цебегІан гъалмагъирги багъаризабун, ункъазарго хъачагъгун авлахъалде лъутун арав Мисриялдаса чи гуревищха мун?</verse>
				<verse number="39">Павелица абуна: — Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда.</verse>
				<verse number="40">Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="22">
				<verse number="1">Гьес абуна: — Я, дир вацалги умумулги! Гьанже дихъ гІенекке нуж! Дида гІайиб гьечІолъи чІезабизе кІалъалев вуго дун.</verse>
				<verse number="2">Павел жугьутІ мацІалда кІалъалев рагІидал, тІубанго сихІкъотІун чІана гьел. Гьебмехалъ гьес абуна:</verse>
				<verse number="3">— Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи.</verse>
				<verse number="4">Гьаб Нухде лъугьаразе чІваялде гІунтІунги гІазаб кьуна дицаги, бихьиналги руччабиги, ккун рачун, рахсаца рухьинаруна, туснахъалъур тІамизаруна.</verse>
				<verse number="5">Гьелъие нугІлъи гьабила чІахІиял кашишзабазги киналго чІухІби-хІакимзабазги. Гьезул кагъатги босун унев вукІана дун Дамаскалда ругел иман лъуразухъе, рухь-рухьун гьел Иерусалималде рачине ва гьаниб гьезие тамихІ гьабизе бокьун.</verse>
				<verse number="6">Гьедин нухда унаго, Дамаскалде щолев вукІараб къоялъул къалъул гІужалда, тохлъукьего зобалаздасан рещтІараб нуралъ кутакалда къалъ-къалъизабуна сверухълъи.</verse>
				<verse number="7">Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» — ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида.</verse>
				<verse number="8">«Мун щив, бетІерчІахъад?» — абун гьикъана дица. Гьес дида абуна: «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев Назареталдаса ГІиса».</verse>
				<verse number="9">Дида цадахъ рукІараздаги бихьана гьеб нур. Амма дунгун кІалъалев вукІарасул гьаракь гьезда рагІичІо.</verse>
				<verse number="10">«Я, бетІерчІахъад! Щибха дица гьабизе кколеб?» — абун гьикъана дица гьебмехалъ. ТІадегІанас дида абуна: «ТІаде вахъун, Дамаскалде а мун. Гьениб бицина дуда дуца гьабизе кколебщиналъул хІакъалъулъ».</verse>
				<verse number="11">Гьеб нуралъул гвангъиялъ дир бадиса канлъи босана. Цадахъ рукІараз, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна.</verse>
				<verse number="12">Гьенир ругел жугьутІазда гьоркьоб къадру-къиматги бугев, къануналъеги мутІигІав цо Анания абулев чи вачІана дида аскІове.</verse>
				<verse number="13">Гьес абуна: «Я, дир вац Шаул! Валагье!» — ян. Гьеб лахІзаталда гьесухъ валагьидал, дир беразда канлъи бихьана.</verse>
				<verse number="14">Цинги гьес дида бицана: «Нилъер умумузул Аллагьас мун тІаса вищун вуго жиндирго амруги дуда лъазе, Аллагьасул вацІцІадав вакилги вихьизе, гьесул каламги рагІизе.</verse>
				<verse number="15">Дуда бихьаралъулги рагІаралъулги бицун, киналго халкъазда гьоркьов Гьесул нугІлъун вукІине ккола мун.</verse>
				<verse number="16">Гьанже сундухъ балагьун мун чІун вугев? Лъадалъ ччун вахъизавун, гьесул цІар рехсон, дурго мунагьал чуризаре».</verse>
				<verse number="17">Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие.</verse>
				<verse number="18">Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда».</verse>
				<verse number="19">Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги.</verse>
				<verse number="20">Дуе нугІлъи гьабурав Стефанил би гІодобе тІолеб мехалъ дунги вукІана гьенив. Дица гьеб лъикІаб ишлъун рикІкІана, гьев чІвалел рукІарал гІадамазул гІабабиги дихъе кьун рукІана цІунизе».</verse>
				<verse number="21">ГІисаца дида абуна: «Дица мун гьаниса рикІкІаде цогидал халкъазул гІадамазухъе витІулев вуго. Гьезухъе а мун».</verse>
				<verse number="22">Гьел рагІаби Павелил кІалдиса къватІире лъугьинегІан гІенеккун чІун букІараб халкъ нахъеги ахІдезе лъугьана: — Ракьалдаса тІагІинавизе ккола гьев! Гьединав чи чІаго тезе бегьуларо!</verse>
				<verse number="23">РетІелги бихъ-бихъун балаго, хІатІикь букІараб хІурги гьаваялде гьурщулаго, гьедин ахІделел гьел ругеб мехалъ,</verse>
				<verse number="24">азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачеян ва гьес щиб гьабун букІун гьал гІадамаз гьедин ахІулеб бугебали цІалаца вухун бицинабейилан.</verse>
				<verse number="25">ЦІалаца вухизе вухьунеб мехалъ, гьенив аскІов вукІарав нусилбетІерасдехун вуссун Павелица абуна суд гьабичІого Рималъул гражданин вухизе законалъ изну кьолебищилан.</verse>
				<verse number="26">ГьебсагІат нусилбетІерас, азарилбетІерасда аскІове ун, абуна: — Дуца гьабулеб жо щиб? Гьавни Рималъул гражданин вукІун вуго, — ян.</verse>
				<verse number="27">АскІове вачІун, азарилбетІерас Павелида гьикъана: — Бице дида: мун Рималъул гражданинищ? — абун. Уйилан абуна гьес.</verse>
				<verse number="28">НусилбетІерас гьениб абуна гьеб гражданлъи щвезе гІоло жинца гІемераб гІарац хвезабизе кканилан. Павелицаги абуна жив эбелалъ гьавуралдаса нахъего вугин Рималъул гражданин.</verse>
				<verse number="29">Гьев цІалаца вухизехъин вукІарал гІадамал нахъегІан къана. АзарилбетІерги хІинкъана жинца вухь-вухьарав чи Рималъул гражданин вукІин лъайдал.</verse>
				<verse number="30">Павелиде жугьутІаз гІунтІизабулеб бугеб гІайиб мухІканго баянлъизе гІоло, нахъисеб къоялъ азарилбетІерасул буюрухъалдалъун чІахІиял кашишзабиги кІудияб судалъул гІадамалги данделъана ва, тІаса рахсалги рахъун, Павел гьезда цеве чІезавуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="23">
				<verse number="1">КІудияб судалъул гІадамазда берги речІчІизабун, Павелица абуна: — Я, дир вацал! Жакъа къоялде щвезегІан дица Аллагьасда цебе ракІбацІцІадго гІумру гьабуна ва кидаго гьабичІо ритІухъаб гурони иш.</verse>
				<verse number="2">Гьеб рагІидал кІудияв кашиш Ананияца аскІор рукІаразе амру гьабуна гьесул кІал бухейилан.</verse>
				<verse number="3">Павелица гьесда абуна: — Аллагьас вухила мун, хъахІракьалъ бохьараб къед! Мун гьанив гІодов чІун вуго къануналда рекъон дие суд гьабизе. Дуцайин абуни, къанунги хвезабун, буюрухъ кьолеб буго дун вухейилан.</verse>
				<verse number="4">АскІор рукІараз гьесда абуна Аллагьасул кІудияв кашиш къабихІ гьавулев вугин дуцайилан.</verse>
				<verse number="5">Гьебмехалъ Павелица абуна: — Я, вацал! Гьав чи кІудияв кашиш вукІин лъачІо дида, Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дурго халкъалъул бетІерасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абуге», — ян.</verse>
				<verse number="6">Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: — Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул.</verse>
				<verse number="7">Гьес гьедин абидал, саддукеяздаги фарисеяздаги гьоркьоб дагІба ккун, цоцалъ рана судиял.</verse>
				<verse number="8">(Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.)</verse>
				<verse number="9">КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: — Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан?</verse>
				<verse number="10">Гьезул дагІба-рагІи гІорхъулъа индал, гьез Павел тІутІун вазе гурилан хІинкъун, азарилбетІерас рагъухъабазе буюрухъ кьуна гъоркье рачІун гьев нахъе вачейилан ва хъалаялъуве щвезавейилан.</verse>
				<verse number="11">Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна: — Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи.</verse>
				<verse number="12">Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин.</verse>
				<verse number="13">Гьедин Павелида дандечІаразул вукІана кІикъогоялдаса цІикІкІарав чи.</verse>
				<verse number="14">ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна: — Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж.</verse>
				<verse number="15">Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев.</verse>
				<verse number="16">Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана.</verse>
				<verse number="17">Гьебмехалъ аскІове ахІун гьес цо нусилбетІерасда абуна гьав гІолохъанчи азарилбетІерасухъе вачейилан, досда бицине цо хабар бугин гьасулилан.</verse>
				<verse number="18">Гьев гІолохъанчиги азарилбетІерасухъе щвезавун, гьес досда абуна: — Туснахъалъув вугев Павелица аскІове ахІун гьарана дида гьав гІолохъанчи духъе щвезавейилан, дуда бицине цо хабар бугин гьасулилан.</verse>
				<verse number="19">Кверги ккун довегІан вачун, азарилбетІерас гьев гІолохъанчиясда гьикъана дида щиб бицине дуе бокьун бугебилан.</verse>
				<verse number="20">Гьес бицана: — ЖугьутІаз къотІи гьабун буго, мухІканаб цІех-рехалъе къваригІун вугиланги абун, метер Павел кІудияб судалде вачине виччайилан дуда гьаризе.</verse>
				<verse number="21">Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ.</verse>
				<verse number="22">Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги хІухь бахъугейиланги лъазабун, азарилбетІерас нахъе витІана гьев гІолохъанчи.</verse>
				<verse number="23">Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна: — КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго.</verse>
				<verse number="24">Павел рекІине чуялги къачІай. Нухда щибго зарал-зиян ккезе течІого, Феликс сардарасухъе щвезаве гьев.</verse>
				<verse number="25">Цинги гьес гьадинаб кагъат хъвана:</verse>
				<verse number="26">«ХІурмат тІадегІанав сардар Феликсиде салам буго Клавдий Лисийил рахъалдасан.</verse>
				<verse number="27">Гьав чи жугьутІаз, ккун вачун, чІвазехъин вукІана. Рималъул гражданин вукІин лъайдал, рагъухъабиги рачун ун, дица гьав хвалдаса хвасар гьавуна.</verse>
				<verse number="28">Гьасда бугеб гІайиб-хатІа лъазе гІоло дица гьав гьезул кІудияб судалде вачана.</verse>
				<verse number="29">Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо.</verse>
				<verse number="30">Гьанже гьав чи чІвазе гьез гъоркьчІел гьабун бугилан абидал, дица гьав духъе витІулев вуго ва гьасда дандечІаразеги амру гьабуна гьасдасан бугеб гІарзалъ духъе айилан».</verse>
				<verse number="31">Буюрухъ тІубазабун, рагъухъабаз Павел гьеб сордоялъго Антипатридаялде вачана.</verse>
				<verse number="32">Нахъисеб къоялъ рекІарал ана Павелги вачун Къайсарияталде, цогидал рагъухъаби хъалаялъуре тІадруссана.</verse>
				<verse number="33">Къайсарияталде щведал, Павел вачун рачІарал рагъухъабаз Павелги гьесул хІакъалъулъ хъвараб кагъатги сардарасухъе кьуна.</verse>
				<verse number="34">Кагъат цІалун бахъарабго, Феликсица гьикъана Павел щиб вилаяталъул чийилан. Гьев Киликиялдаса вукІин лъайдал,</verse>
				<verse number="35">Феликсица абуна: — Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, — абун. Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="24">
				<verse number="1">Щуго къоялдасан кІудияв кашиш Ананияда цадахъ гьенире рачІана чІухІби-хІакимзабаздасан чанго чиги Павелиде гІайиб гІунтІизабизе вачарав адвокат Тертуллги. РачІун гьез Павелида тІасан сардарасде гІарз бахъана.</verse>
				<verse number="2">Павел вачун цеве чІезавидал, Тертуллица байбихьана гьесда ккараб гІайиб бицине. Гьес абуна: — Дур бетІерчІахъаяв Феликс, дуцаги дур тІалаб-агъазалдалъун гьаб нижер халкъалъул гІумруялъулъ ккезарурал лъикІал хиса-басиязгийин ниж щулияб ракълиде рачарал,</verse>
				<verse number="3">гьеб киналъухъго кидаго ва кибго нижер кІудияб баркала буго дуе.</verse>
				<verse number="4">Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан.</verse>
				<verse number="5">Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго.</verse>
				<verse number="6">ХІатта гьас къасд гьабуна Мукъадасаб Рукъ хъублъизабизецин, гьенив нижеца ккуна гьав.</verse>
				<verse number="7">[7-8] Дуцаго гьасул цІех-рех гьабуни, якъинлъила щай нижеца гьасде гІайиб гІунтІизабулеб бугебали.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">ТІад рекъон, цогидал жугьутІазги абуна гьеб битІараб бугилан.</verse>
				<verse number="10">КІалъазе изну бугилан сардарас ишан гьабидал, Павелица абуна: — ГІемерал соназ мун гьаб халкъалда тІад къадилъун вукІин лъалелъул, дун вохун вуго дидаго гІайиб гьечІолъи чІезабун дуда цеве кІалъалев вукІиналдаса.</verse>
				<verse number="11">Иерусалималде зияраталъе дун вачІаралдаса анцІила кІиго къо гурони ун букІинчІо. Гьелъул мухІканлъи балагьизе кІвела дуда.</verse>
				<verse number="12">Гьеб заманаялда я Мукъадасаб Рокъов, я синагогабазда, я къотІнов ватичІо гьазда дун щивгунниги дагІбадулев, яги гІадамал данделъизарулев.</verse>
				<verse number="13">Гьанже диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвезе гьечІо гьазда.</verse>
				<verse number="14">Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги.</verse>
				<verse number="15">Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе.</verse>
				<verse number="17">ГІемерал соназ къватІивги вукІун, дун Иерусалималде тІадвуссун вачІана дирго халкъалда гьоркьоса мискин-пакъирасе садакъа кьезеги къурбан хъвезеги.</verse>
				<verse number="18">Дунго вацІцІалъизавиялъул гІадат тІубазабулев Мукъадасаб Рокъов вугеб мехалъ ватана гьазда дун. Гьениб дида аскІоб халкъалъул руккелги букІинчІо, щибго ахІи-хІурги букІинчІо.</verse>
				<verse number="19">Асиялдаса вачІарав чанго жугьутІасда ватана дун гьенив. Гьеле гьел рукІине кколаан гьанир дуда цере чІун, диде гІунтІизабизе гІайиб бугони, гьеб дуе баян гьабизе.</verse>
				<verse number="20">Яги гьаз жидецаго бицине биччанте, кІудияб судалда цеве чІезавидал, дида батараб гІайибалъул.</verse>
				<verse number="21">ЦохІого цохІо дица гьениб ахІана: «Хваралъуса тІаде рахъинаризе рукІиналда дун божунилан жакъа нужеца дие суд гьабулеб бугоха!» — ян.</verse>
				<verse number="22">ГІисал Нухалъул хІакъалъулъ дагьаб мухІканго лъалев Феликсица абуна, азарилбетІер Лисий вачІинегІан жинца суд нахътІамун толеб бугилан ва гьебмехалъ гьабилин хІукмуйилан.</verse>
				<verse number="23">НусилбетІерасеги буюрухъ кьуна Павел жанив тІамизе вачеян, амма гьесие бигьалъи гьабеян ва гьесухъе раккизе рачІарал гІага-божаразеги щибго квекІен гьабугейилан.</verse>
				<verse number="24">Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="25">РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана.</verse>
				<verse number="26">ТІаде жоялъеги гьесда ракІалда букІана Павелица ришваталъе гІарац кьелиланги. Гьединлъидал гІемер ахІулаан гьес Павел жиндихъего, гьевгун гара-чІварулаан.</verse>
				<verse number="27">КІиго соналдасан Феликсил бакІалде сардарлъун вачІана Порций Фест. Жиндасаго жугьутІал разиго хутІизелъун, Феликсица Павел туснахъалъувго тана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="25">
				<verse number="1">Гьеб вилаяталде сардарлъун тІамун вачІун лъабабилеб къоялъ Къайсарияталдаса Иерусалималде ана Фест.</verse>
				<verse number="2">Гьесухъе рачІун бищунго кІудияв кашишасги ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги Павелидасан гІарз бахъана.</verse>
				<verse number="3">Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе.</verse>
				<verse number="4">Фестица абуна Павел Къайсарияталда туснахъалъув вугилан, гьанже кватІичІого жинда гьениве ине ракІалдаги бугилан.</verse>
				<verse number="5">Нужер вакилзабиги рилълъине бегьилила жинда цадахъ, гьев Павелида гІайиб бугеб батани, гьелъул хІакъикъат баян гьабизе.</verse>
				<verse number="6">Иерусалималда ичІго-анцІго къогицин бачІого, Къайсарияталде тІадвуссун ана Фест. Гьениве щун кІиабилеб къоялъго, къадиясул тахида гІодовги чІун, гьес амру гьабуна Павел гьаниве вачейилан.</verse>
				<verse number="7">Павел вачун вачІана. Иерусалималдаса рачІарал ягьудияз, гьевги сверун ккун, байбихьана гІемерал чІахІиял гІайибал гьесде гІунтІизаризе. Амма цониги гІайиб тІад чІезабизе гІураб хІужжа гьезда батулеб букІинчІо.</verse>
				<verse number="8">Живго витІарав вукІин чІезабизе Павелица абуна я жугьутІазул къануналда, я Мукъадасаб Рокъов, яги къайсарасда дандечІун щибниги мунагь ккечІин жиндихъайилан.</verse>
				<verse number="9">Амма Фестие бокьун букІана жугьутІал рази гьаризе. Гьединлъидал гьес Павелида гьикъана: — Дур ишалда хурхун дунги гІахьаллъараб судалъ хІукму гьабизе Иерусалималде витІизе бокьилищ дуе?</verse>
				<verse number="10">Павелица абуна: — Жакъа дун гьанив къайсарасул судалда цеве чІун вуго, гьединаб къайсарасулаб судалъ къотІизе ккола дие хІукмуги. ЖугьутІазе дица щибниги квешлъи гьабичІо. Дудаги цІакъ лъикІ лъала гьеб.</verse>
				<verse number="11">Дун такъсирчи ватани ва чІвазе къотІизе гІураб гІайибги дида ккун батани, хвезе разияв вуго дун. Амма гьаз диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвечІони, лъилниги ихтияр гьечІо дун гьезул кверде кьезе. Къайсар вукІине виччай дие къадилъун!</verse>
				<verse number="12">Жиндирго мажлисалда дандги бан, Фестица Павелида абуна: — Къайсар къадилъун вукІине бокьун батани, къайсарасухъе витІила дица мун.</verse>
				<verse number="13">Чанго къоялдасан Къайсарияталде Фестие салам кьезе рачІана Агриппа ханги гьесул чІужу Береникаги.</verse>
				<verse number="14">Гьез гьениб чанго къо бан хадуб, Фестица ханасе Павелил бицен гьабуна: — Феликсица туснахъалъув тун цо чи вуго гьанив.</verse>
				<verse number="15">Дун Иерусалималде щвараб мехалъ, ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги чІахІиял кашишзабазги бицана дида гьасул хІакъалъулъ, гьез гьарана гьасие тамихІалъе хІукму къотІейилан.</verse>
				<verse number="16">Амма дица гьезда абуна, жинде гІайиб гІунтІизабулевги жинца гІайиб гІунтІизабулевги данде ахІун ва жинде гІайиб гІунтІизабулесе живго цІунизе ресги кьун, суд гьабичІого чи тамихІалде цІалеб гІадат гьечІин Рималъул халкъалъулилан.</verse>
				<verse number="17">Дида цадахъ гьел ягьудиял гьанире рачІун нахъисеб къоялъго, нахъ бахъун течІого, дун къадиясул тахида гІодов чІана ва гьев чи судалде вачейилан амру гьабуна.</verse>
				<verse number="18">Амма ягьудияз бицараб жоялдасан дида бичІчІана — дун щаклъун вукІараб цониги квешлъи гьев чияс гьабун гьечІеблъи.</verse>
				<verse number="19">Амма гьезул бугоан жидерго диналда хурхараб дагІба-къец. Павелица чІаго вугилан чІезабулеб букІарав, цо кидаялиго хварав кинавалиго ГІисал хІакъалъулъги букІана гьезул дагІба.</verse>
				<verse number="20">Гьеб иш кин тІубалебали лъачІого, дица гьесда гьикъана, Иерусалималде витІун, гьенив судалда цеве чІезе бокьилищилан.</verse>
				<verse number="21">Императорас суд гьабизегІан гьанивго тейилан Павелица гьаридал, дица гьев Къайсарияталдаго тана, къайсарасухъе витІизе рес ккезегІан.</verse>
				<verse number="22">Гьев чиясухъ гІенеккизе диеги бокьилаанилан абуна Агриппаца Фестида. Фестица абуна метер рагІилин дуда гьес щиб бицунаяли.</verse>
				<verse number="23">Нахъисеб къоялъ чІухІараб къагІидаялъ къачІа-кІатІан Агриппаги, Береникаги, азарилбутІрулги ва шагьаралъул чІухІби-хІакимзабиги цадахъ рачун, суд гьабулеб рокъове лъугьун гІодов чІедал, Фестица амру гьабуна Павел вачун рачІайилан.</verse>
				<verse number="24">Цинги Фестица абуна: — Я, Агриппа хан ва гьанир ругел цогидалги! Нужеда цеве вугев гьав чиясдасан гІарз бачІун буго Иерусалималда ругелги гьанир ругелги жугьутІазул тІолабго жамагІаталъ. Гьав чІаго тезе бегьуларилангицин ахІулеб букІана гьез.</verse>
				<verse number="25">Дида ракІалде ккола чІвазе къотІизе гІураб гІайиб гьасул гьечІилан. Къайсарасул судалде витІейилан гьарулеб бугелъул, дица хІукму гьабуна гьав гьениве витІизе.</verse>
				<verse number="26">Амма гьасул хІакъалъулъ щибилан бетІерчІахъаяв къайсарасухъе хъвалебали лъаларо. Гьединлъидал дица гьав гьаниве вачана нуж киназдаго цеве чІезе, хасго дуда цеве чІезе, Агриппа хан. Гьаниб цІех-рехалдасан баянлъизеги бегьула къайсарасухъе щиб хъвалебали.</verse>
				<verse number="27">ТІад чІезабураб гІайиб бихьизабичІого, туснахъ къайсарасухъе витІизе рекъон букІинарилан кколеб буго дида.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="26">
				<verse number="1">— Гьанже бицеха дурго, — ян абуна Агриппаца Павелида. Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе:</verse>
				<verse number="2">— Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей.</verse>
				<verse number="3">Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан.</verse>
				<verse number="4">Киналго жугьутІазда лъала гІолохъанаб мехалдаса нахъего дирго халкъалда гьоркьобги хадуб Иерусалималдаги кинаб гІумру дир букІарабали.</verse>
				<verse number="5">Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез.</verse>
				<verse number="6">Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан.</verse>
				<verse number="7">Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз.</verse>
				<verse number="8">Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб?</verse>
				<verse number="9">Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан.</verse>
				<verse number="10">Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица.</verse>
				<verse number="11">Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе.</verse>
				<verse number="12">Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун.</verse>
				<verse number="13">Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги.</verse>
				<verse number="14">Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! — абун ахІана гьес. — Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа».</verse>
				<verse number="15">«Мун щив, бетІерчІахъад?» — абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, — ян абуна ТІадегІанас. —</verse>
				<verse number="16">ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе.</verse>
				<verse number="17">Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила.</verse>
				<verse number="18">Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила».</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун.</verse>
				<verse number="20">Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян.</verse>
				<verse number="21">Гьеб сабаблъунин дун Мукъадасаб Рокъов жугьутІаз тІад речІчІун ккурав ва чІвазехъин вукІарав.</verse>
				<verse number="22">Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо.</verse>
				<verse number="23">Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан.</verse>
				<verse number="24">Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана: — Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! — абун.</verse>
				<verse number="25">— Дун гІадаллъун гьечІо, бетерчІахъаяв Фест, — абун жаваб кьуна гьесие Павелица. — Гьаб дир рагІи битІарабги буго, цІодорабги буго!</verse>
				<verse number="26">Агриппа ханасда цІакъ лъикІ лъалелъул гьадинал ишазул хІакъикъат, хІинкъичІого гьесдехун кІалъалев вуго дун. Гьаб ишалъулъ щибго балъгояб жо хутІун батиларо гьесие, бецІаб бокІнилъ гурелъул гьеб кинабго ккараб.</verse>
				<verse number="27">Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи.</verse>
				<verse number="28">Гьебмехалъ Агриппаца Павелида абуна: — Дун христианавлъун лъугьинави гьедигІан бигьаяб ишиланищ дуда ккараб? Павелица абуна:</verse>
				<verse number="29">— Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха!</verse>
				<verse number="30">Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана.</verse>
				<verse number="31">— ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, — ян абулеб букІана гьез цоцазда.</verse>
				<verse number="32">Цинги Агриппаца Фестида абуна: — ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="27">
				<verse number="1">Гамида рекІун Италиялде ине нижер хІукму ккедал, Павелги цогидал туснахъалги рачун витІана къайсарасул полкалдаса нусилбетІер Юлий.</verse>
				<verse number="2">Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги.</verse>
				<verse number="3">Нахъисеб къоялъ ниж Сидоналде щвана. Павелида гурхІун, Юлийица гьев жиндирго гьудулзабазухъе ине виччана, гьезги Павелие къваригІара-тараб кьезе.</verse>
				<verse number="4">Кутакалда данде пулеб гьури бахъиндал, гьениса нижер гама Кипралъул къилбаялъул рахъалдасан ун,</verse>
				<verse number="5">Киликиялъул ва Памфилиялъул ракьалда бугеб ралъадги къотІун, Ликиялъул шагьар Мираялде щвана.</verse>
				<verse number="6">Гьениб нусилбетІерасда батана Италиялде унеб Искандарияталъул гама. Гьелда рекІинаруна гьес ниж.</verse>
				<verse number="7">Чанго къоялъ аниги, кІудияб манзилго нахъа тезе бажаричІо нижер гамида ва хІалицаго Книдалде рорчІана. Кутакаб гьороца церехун риччалел рукІинчІелъул, Крит чІинкІиллъиялъул гьородаса цІунараб рахъалдасан, Салмонаялъул мицІиралда цебесан бачине ккана гама.</verse>
				<verse number="8">ЧІинкІиллъиялъул рагІалдасан лъедон, гІемераб къоги бихьун, ахирги щвана Ласея шагьаралда аскІоб бугеб ЛъикІаб Гавань абулеб бакІалде.</verse>
				<verse number="9">Гьедин гІезегІан мех индал, ГурхІиялъул къо абураб жугьутІазул динияб байрам лъугІараб заманги букІун, хадурккун церехун лъедезе хІинкъи бугеб хІал лъугьана.</verse>
				<verse number="10">Павелица абуна: — Дихъ гІенекке нуж! ТалихІ къараб сапар бугин ккола дида гьаб. Гамие ва гьелда тІад бугеб къайиялъе гуребги, гІадамазегицин зарал ккеялда хІинкъи буго.</verse>
				<verse number="11">Амма нусилбетІерас Павелил гьел рагІаби гІадахъ росичІо, капитанасдаги гамил бетІергьанасдаги божана гьев.</verse>
				<verse number="12">Хаселалъго гьенир чІезе санагІалъи бугеб гавань букІинчІо гьеб. Гьединлъидал гІемериселги разилъун, хІукму гьабуна нахъеги ралъдалъе рахъине ва Крит чІинкІиллъиялъул къилбаялъулабги севералъулабги рахъалдасан бакътІерхьуде балагьараб Финиксалъул гаваналде рорчІуларищали хІалбихьизе, цинги хаселги гьениб тІамизе.</verse>
				<verse number="13">Къилбаялдасахун тІадагьаб гьури пуйзе байбихьараб мехалъ, гьезда ракІалде ккана гьанже бугин бищунго санагІатаб заманилан. Цинги якорьги тІаде харцІун, Криталъул рагІалдасан лъедезе лъугьана нижер гама.</verse>
				<verse number="14">[14-15] Амма гІемер заман иналдего, чІинкІиллъиялдасахун северияб бакъбаккул рахъалдасан гьалагаб гьури речІчІана гамида ва гьебгун къеркьезе къуват гІечІелъул, бергьараб гьороца жиндие бокьаралъубе бачун унеб букІана нижер гама.</verse>
				<verse number="15"></verse>
				<verse number="16">Кавда абулеб цо гьитІинабго чІинкІиллъиялъул гьури гьечІеб рахъалдасан ана ниж. Гьениб хІалицаго кІвана гъанкъиялда хІинкъи бугеб мехалъ пайда босулеб раса щула гьабизе. Гамида тІаде босун, гъоркьан рачун квараз бухьана гьеб гамида.</verse>
				<verse number="17">ТІадгояб бакІалда салулъ къачІого рорчІилародайилан хьулалъ, нижеца лъадалъе биччана гама лъеда тІад чІезабулеб хасаб алат. Гьебмехалъги гьороца цебехун хъамулеб букІана нижер гама.</verse>
				<verse number="18">Гьороца гама рахъ-рахъалде кьабезабулеб букІиндал, нахъисеб къоялъ байбихьана гамида букІараб къайи ралъдалъе базе.</verse>
				<verse number="19">Лъабабилеб къоялъин абуни, гамие къваригІунеб тІагІел-алатги рехана гьез жалго лъугьун ралъдалъе.</verse>
				<verse number="20">Чанго къоялъ нижеда я бакъул гордо бихьичІо, я цІваби рихьичІо. Гьуриги гьалаглъулебго гьалаглъулеб букІана. Хвасарлъиялдаса хьулго къотІана нижер.</verse>
				<verse number="21">Чанго къо бана щивниги кваначІелдаса нахъе. Гьебмехалъ тІаде вахъун Павелица абуна: — ГІенекке, гІадамал! Криталдаго чІайилан абулеб букІана дица нужеда, добмехалъ нуж дир рагІухъ гІенеккун рукІаралани, гьаб балагьги бачІинароан, гьадинаб кІудияб заралги ккелароан.</verse>
				<verse number="22">Гьанже дица нужеда гьарулеб буго къвакІун чІайилан. Нужер щивниги хвезе гьечІо, амма гама щущан ина.</verse>
				<verse number="23">Дица жинде иман лъолев ва лагълъи гьабулев Аллагьасул малаик вачІун, нолъ гьес дида абуна:</verse>
				<verse number="24">«Мун хІинкъуге, Павел. Аллагьас рагІи кьолеб буго мун къайсарасда цеве чІезе вачинилан ва дуда цадахъ ругезеги дуе бокьараб ккезе бугилан».</verse>
				<verse number="25">Гьединлъидал, дир гьудулзаби, нуж къвакІун чІа. Дун дирго Аллагьасда божула. Гьес дие илгьам гьабухъе ккезе буго кинабго.</verse>
				<verse number="26">Цо кинаб бугониги чІинкІиллъиялде рехила нилъ карачалабаз.</verse>
				<verse number="27">КъватІире рахъун анцІила ункъабилеб сордоялъ Адриатикаялда гьороца добе рехун, гьанибе рехун, кьабелеб букІана нижер гама. Сордо бащалъулеб гІужалъ гамихъабазда бичІчІана ракъдаде гІагарлъулел рукІин.</verse>
				<verse number="28">Лъадал гъварилъи борцараб мехалъ, кІикъого метр гурони батичІо тІиналде щвезе. Цо заманаялдасан нахъеги борциндал, лъеберго метралде ккун батана.</verse>
				<verse number="29">Гама кьурабазда тункизе гурилан, ункъо якорь биччана тІиналде ва сордо хехго рогьагиян гьарделел рукІана.</verse>
				<verse number="30">Гьебмехалъ гамихъабаз къасд гьабуна гамидаса лъутизе. Гамил цебесеб рахъалдасан якорь рехизе бокьун бугиланги абун, ралъдалъе раса биччазе лъугьана гьел.</verse>
				<verse number="31">Амма Павелица нусилбетІерасдаги рагъухъабаздаги абуна, гьел гамида чІечІони, нилъ хвасарлъуларилан.</verse>
				<verse number="32">Гьебмехалъ рагъухъабаз къотІун рехана раса гамидехун бухьун букІарал кварал ва гьеб расаги лъадалъе бортун ана.</verse>
				<verse number="33">ХъахІлъи балеб мехалъ, Павелица киназдаго лъазабуна гьанжегІаги кваназе ккелилан. Гьес абуна: — Жакъа анцІила ункъабилеб къо буго нуж кваначІого чІун.</verse>
				<verse number="34">Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: цо щиб букІаниги кванай, нужерго рухІ хвасарлъиялъе, нужер бутІруздаса цониги рас бортизе гьечІебин.</verse>
				<verse number="35">Гьединги абун, цо чед кодобе босана Павелица, цинги киназдаго рагІун Аллагьасе реццги гьабун, бекунго бекун гьеб квине лъугьана.</verse>
				<verse number="36">Киналго чІинкьа-кІитІун, аваданлъун лъугьана, кваназе байбихьана.</verse>
				<verse number="37">(Гамида тІад вукІана кинавниги кІинусиялда лъабкъоялда анцІила анлъго чи.)</verse>
				<verse number="38">Кванан рахъараб мехалъ, гьез байбихьана гамида букІараб ролъги лъадалъе бан, гьеб тІадагьлъизабизе.</verse>
				<verse number="39">Рогьараб мехалъги лъачІо гьезда щиб ракь гьебали батІа бахъизе: ралъдал цо квачІалъул рагІалда бихьулеб букІана салуца бацараб ракъдаллъи. Гама гьенибе бачине бажаруларищали хал гьабуна.</verse>
				<verse number="40">Якорал, гамидаса ратІа гьарун, ралъдалъе риччана. Руль щула гьабун букІараб кварги къотІун, гамил цебесеб рахъалда дугъ борхизабуна гьеб сагІаталъго. Гьури жаниб багъулеб хІалалъ гьеб дугъги рекъезабун, рагІалдехун балагьун бачана гама.</verse>
				<verse number="41">Амма тІадгояб бакІалде ккана. Гамил цебесеб рахъ салулъ къана, гьанже чІахІиял карачалабаз цоцалъа бахъулеб букІана гамил нахъисеб рахъ.</verse>
				<verse number="42">Гьениб рагъухъабаз хІукму гьабуна туснахъал чІван лъикІилан, лъедон ун цонигияв гьезухъа ворчІизе гурилан хІинкъун.</verse>
				<verse number="43">Амма Павелил гІумру хвасар гьабизе бокьун, нусилбетІерас гьел чІвазе риччачІо. Лъедезе лъалел чагІи, тІоцере ралъдалъе кІанцІун, ракъдаде рорчІуларищали хал гьабеян буюрухъ кьуна гьес.</verse>
				<verse number="44">Цогидазе амру гьабуна хъарщазда ва гамил тІагІел-алаталда хурхун жинда цадахъ рагІалде рахъине хІаракат бахъейилан. Гьедин киналго ракъдаде рорчІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="28">
				<verse number="1">Ракъдаде рорчІидал, нижеда лъана гьеб чІинкІиллъиялда цІар Мальта букІин.</verse>
				<verse number="2">Гьеб ракьалъул гІадамаз гІемерго лъикІаб гьоболлъи гьабуна нижее. ЦІад балеб букІиндал, квачалелги рукІана ниж. ГьебсагІат цІаялги ракун, хинлъизе цІадухъе рачана гьез ниж.</verse>
				<verse number="3">Къвал цІун босун бачІун, хьоп-хъарахъ цІадабе балев вукІарав Павелил кверда хІанчІана цІадул бухІиялдаса хІинкъун къватІибе шурун бачІараб борхьица.</verse>
				<verse number="4">Гьесул квералда далун чІараб борохь бихьидал, гьел гІадамаз цоцазда абулеб бугоан гьав чи чІвадарухъан ватилилан. Бихьуларищила, ралъдалъ гъанкъиялдаса хвасарлъаниги, гьаниб ракъдадаги ритІухълъи бергьун, гьанже гьев гІумруялдаса махІрумлъизехъин вугила.</verse>
				<verse number="5">ХьвагІун квергун, цІадабе бортизабуна Павелица гьеб борохь. КигІан дагьабниги унтиги лъачІо гьесда.</verse>
				<verse number="6">Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез.</verse>
				<verse number="7">Гьениб гІагардаго букІана гьеб чІинкІиллъиялъул сардар Публийил мина-мулк. Гьес ниж жиндихъего рачана ва лъабго къоялъ гьениб лъикІаб гьоболлъи гьабуна.</verse>
				<verse number="8">Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна.</verse>
				<verse number="9">Гьелъул хабар рагІун, чІинкІиллъиялда рукІарал цогидал унтаралги рачІана гьесухъе. Гьелги сахлъизаруна Павелица.</verse>
				<verse number="10">Гьеб чІинкІиллъиялъул гІадамаз цІакъаб адаб-хІурмат гьабуна нижер. Гамида рекІун гьениса нахъе унеб мехалъ нухда босизе къваригІара-тарабги кьуна гьез нижее.</verse>
				<verse number="11">Лъабго моцІидасан рахана ниж гамиде. Хаселалъго гьениб хутІараб Искандарияталъулаб гама букІана гьеб, Диоскуразул — «КІиго цадахъ гьаруразул» цІарги лъураб.</verse>
				<verse number="12">Сиракузиялде щун, гьенибги бана лъабго къо.</verse>
				<verse number="13">Гьениса рахъун, Сицилиялъул рагІалдасан лъедон, Региялде щвана. Цо къо гьениб бараб мехалъ, къилбаялъул гьури пуйзе байбихьидал, ралъдалъе бахъана нижер гама ва нахъисеб къоялъ Путеолиялде щвана.</verse>
				<verse number="14">Гьенир ратарал вацазул гьари къабул гьабун цо анкь гьезда аскІобги бана. Гьале ниж Рималде щвана.</verse>
				<verse number="15">Рималда ругел вацазда нижер хабар рагІун, гьел данде рачІана Аппийил Базаралде ва «Лъабго Петер» абулеб бакІалдеги щвезегІан. Гьел рихьараб мехалъ мугъзал чІоло битІана Павелил, Аллагьасе рецц гьабуна гьес.</verse>
				<verse number="16">Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун.</verse>
				<verse number="17">Лъабго къоялдасан гьес гьенир ругел жугьутІазул бищунго къадру-къимат бугел гІадамал данде ракІарана. РачІун гьел данделъидал, Павелица гьезда абуна: — Я, вацал! Нилъер халкъалда яги нилъер умумузул гІадатазда дандечІун дица гьабураб кигІан гьитІинабниги квешлъи гьечІониги, Иерусалималда дун туснахъалъув тІамуна ва Рималдаса хІакимзабазухъе кьуна.</verse>
				<verse number="18">Гьез дир ишалъул цІех-рех гьабуна, амма чІвазе къотІизе гІураб гІайиб-хатІа батичІелъул, нахъе виччазехъин вукІана.</verse>
				<verse number="19">ЖугьутІал гьелда дандечІедал, дун къайсарасухъе витІейилан гьаризе ккана дица. Амма дирго халкъалда гІайиб чІвазе гуребха!</verse>
				<verse number="20">Гьединлъидалин дица нужеда гьарараб гьанире данделъеян ва дица бицаралъухъ гІенеккеян. ХІакъикъаталдайин абуни, гьал рахсаца дун вухьун вукІиналъе гІиллалъун вуго Жив вачІинилан Исраилил халкъалъул хьул бугев чи.</verse>
				<verse number="21">Гьез Павелида абуна: — Дур хІакъалъулъ нижехъе Ягьудиялдаса цониги кагъатги бачІинчІо, гьениса вачІарав цониги чияс дур рахъалъ квешаб хабарги бачІинчІо, квешаб рагІи жинцагоги абичІо.</verse>
				<verse number="22">Амма нижее бокьун буго дур пикруялъухъ гІенеккизе. Гьеб мазгьабалъул хІакъалъулъни нижеда рагІана, киса-кибего халкъ гьелда дандечІун гаргадулеб бугилан.</verse>
				<verse number="23">Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана.</verse>
				<verse number="24">Цоял божана гьес бицаралда, цогидал божичІо.</verse>
				<verse number="25">— Илагьияб РухІалъ малъун, Ишая аварагас цІакъ битІун абун буго нужер умумузул хІакъалъулъ, — гьедин байбихьун Павелица гьездехун хитІаб гьабураб мехалъ цоцалъ дагІбадана, къацандана гьел ва рахъун къватІире ана.</verse>
				<verse number="26">Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица: — «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо.</verse>
				<verse number="27">Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизе».</verse>
				<verse number="28">[28-29] Гьединлъидал нужеда лъан букІа: цогидал халкъазе Аллагьас хвасарлъи битІун бачІун буго. Гьеле гьезда рагІизе буго!</verse>
				<verse number="29"></verse>
				<verse number="30">Жинцаго мухьдахъ ккураб гьеб рокъоб тІубараб кІиго лъагІел бана Павелица. ТІаде рачІаралщиналги къабул гьарулаан гьес.</verse>
				<verse number="31">Лъилниги квекІен гьечІого ва расги хІинкъичІого бицунеб букІана гьес Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъги ТІадегІанав МасихІ ГІисал хІакъалъулъги.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="45">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Гьаб кагъат битІулеб буго чапарлъун тІаса вищарав ва Аллагьасдасан рещтІараб Рохалил хабар лъазабизе тарав Павелица — ГІиса МасихІил лагъас.</verse>
				<verse number="2">Гьеб буго аварагзабазухъе рещтІарал ТІухьдузда цебеккунго Аллагьас загьир гьабизе рагІи кьун букІараб Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="3">[3-4] Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб.</verse>
				<verse number="4"></verse>
				<verse number="5">Гьесдалъун щвана дие баркат ва гьесие гІоло киналго халкъазул гІадамал божи-иманалдалъун Аллагьасе мутІигІлъейилан ахІизе чапарлъи.</verse>
				<verse number="6">ГІиса МасихІил умматлъун лъугьине ахІаразда гьоркьор руго нужги.</verse>
				<verse number="7">Нилъер Эмен — Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда!</verse>
				<verse number="8">Бищунго цебе — тІолабго дуниялалда нужер божи-иманалъул цІар тІибитІун бугелъул, ГІиса МасихІги рехсон, дирго Аллагьасе рецц гьабула дица.</verse>
				<verse number="9">[9-10] Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян.</verse>
				<verse number="10"></verse>
				<verse number="11">Дир гъира буго нуж рихьизе. Бокьун буго цо илагьияб хазина нужее бикьизе — нуж къвакІун чІезе,</verse>
				<verse number="12">нижерги нужерги божи-иманалъ нилъер ракІбатизабизе.</verse>
				<verse number="13">Цогидал халкъазухъе араб мехалъ гІадин, гьениб нужер гъотІодасаги пихъ бетІизе гІоло, нужехъе вачІине чанго нухалъ дица къасд гьабураблъиги нужеда лъачІого хутІизе бокьун гьечІо, вацал, дие. Амма гьанжелъизегІан дие квалквал ккана.</verse>
				<verse number="14">Дун налъулавлъун ккун вуго адаб бугелги гьечІелги халкъазул, лъай бугелги жагьилалги халкъазул.</verse>
				<verse number="15">Гьединлъидалин нужеда, ай Рималда ругезда, гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе дие цІакъ бокьун бугеб.</verse>
				<verse number="16">Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал — цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал — хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб.</verse>
				<verse number="17">Гьелъ загьир гьабула, гІицІго божи-иманалъухъ балагьун гурони, инсан Аллагьас ритІухъ гьавуларевлъи. ТІухьдузда хъван бугелъул: «РитІухъав инсан жиндирго божи-иманалдалъун чІаго хутІила».</verse>
				<verse number="18">Зобалаздасан Аллагьасул ццин рещтІунеб буго жидер квешал ишаздалъун хІакъабщинаб чІинтІизабулел гІадамазул щибаб квешлъиялдеги пасалъиялдеги.</verse>
				<verse number="19">Жив вукІин гьес загьир гьабун, гьезухъе щун бугелъулха Аллагь лъаялъул гІелму.</verse>
				<verse number="20">Аллагь вихьунгутІиялъул хІикмат дуниял бижаралдаса нахъего якъинго загьирлъана, кинабго загьирлъана гьес бижанщиналдалъун. Гьеб хІикмат ккола гьесул абадияб къудратги БетІергьан вукІинги. Гьединлъидал гьездаса гІайиб кибе инеб?</verse>
				<verse number="21">Аллагь вукІин лъаниги, гьесие цІар-рецц гьабичІо гьез. Гьезул гьодорал пикраби гІадада ана, гІакълу гьечІолъиялъ гьезул ракІалги бецлъизаруна.</verse>
				<verse number="22">Жал гІакъилал ругилан чІаниги, гІабдалзаби ратана гьел.</verse>
				<verse number="23">Хвел гьечІев Аллагьасе гьабичІого, гьез гІибадат гьабуна холел-унел гІадамазул, хІанчІазул, ункъхІатІилал хІайваназул ва ракьалдасан шурулел жалазул суратазе.</verse>
				<verse number="24">Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна жидерго рекІелъ рижарал хъубал къасдазул кверщаликье, — гьединлъидалин жидерго чурхдуздалъун гьез цоцазе хъублъи гьабулеб бугеб.</verse>
				<verse number="25">Аллагьасул хІакъаб рагІи гьез гьерсихъ хисана. Кинабго жинца бижарасе гьабичІого (Абадияб рецц гьесие, амин!), гьес бижаралъе гьабуна тІагІатги гІибадатги.</verse>
				<verse number="26">Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна инжитал къасдазул кверщаликье. Гьезул гьениб руччабазгицин, чІужугІаданалъе тІабигІиябги хисун, хІалтІизабулеб буго тІабигІияб гуребаб.</verse>
				<verse number="27">Гьединго бихьиналги, руччабазулгун бусен цолъиги рехун тун, жалго жидедего хІасрат бергьун лъугьунел руго. Бихьинчияс бихьинчиясдехун хъублъи гьабун, гьез жидедаго тІаде цІалеб буго гьеб къосин сабаблъун жалго мустахІикълъараб тамихІ.</verse>
				<verse number="28">Аллагь лъаялъул гІелму гІадахъ босизе бокьичІелъул, гьес гьел кьуна пасалъиялъул кверщаликье, — гьабизего бегьулареб жо гьез гьабизе.</verse>
				<verse number="29">Кина-щинабго пасалъиялъулги, квешлъиялъулги, хъантІиялъулги, ццидалги цІун руго гьел. ЖахІда-хІусудги, чІвай-хъвейги, дагІба-къецги, хІилла-рекІкІги, инжитлъиги цІикІкІун буго.</verse>
				<verse number="30">Гьез мацІ гьабула, нахъасан гаргадула, Аллагьги гьезда рихун вуго. Гьел чанкІкІунги руго, чІухІунги руго. Жалго жидецаго реццизе ва квешлъи ургъизе махщелги буго гьезул, эбел-инсухъги гьел гІенеккуларо.</verse>
				<verse number="31">Гьезда намус гьечІо, рекІелъ гурхІел гьечІо, рахІмуги гьечІо.</verse>
				<verse number="32">Гьедин хьвадарав чи чІвазе кколилан Аллагьасул амру букІин лъаниги, жидецаго квешлъи гьабураб гІечІого, гьеб гьабулел цогидалги реццула гьез.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Ле, чияда гІайиб чІвалев чи, щив мун ватаниги, дуда тІаса гІайиб кибего унаро. Цогидазда гІайиб чІвалеб бугони, дудаго гІайиб чІвалев чи ккола мун. Цогидазда гІайиб чІвалаго, дуцагоги гьабулеб бугелъул гьебго жо.</verse>
				<verse number="2">Нилъеда лъала гьедин хьвадулел гІадамазе Аллагьасул тамихІ ритІухъаб букІин.</verse>
				<verse number="3">Ле, цогидазда гІайибги чІван, гьебго жо дуцаго гьабулев чи, дуда ракІалде кколищ Аллагьасул тамихІалдаса ворчІилилан?</verse>
				<verse number="4">Аллагь цІоб гІатІидав, гурхІел-рахІму бугев ва сабруяв вукІиналъищ дур рекІелъе хІинкъи лъугьунеб гьечІеб? Аллагьасул цІобалъ мун тавбуялде гьесизавулев вукІин лъаларищ дуда?</verse>
				<verse number="5">Амма дур чанкІкІиялъги ракІбицалъиялъги дулъго цІикІкІинабулеб буго Аллагьасул ццин бахъин. Гьеб дуда лъала Аллагьасул ритІухъаб тамихІги ццин бахъинги загьирлъулеб къоялъ.</verse>
				<verse number="6">Щивав чиясул ишазда рекъон гьабила Аллагьас хІукму.</verse>
				<verse number="7">ЛъикІлъи гьабиялда тІадчІеялдалъун лъикІаб цІарги, шапакъатги, хвелгьечІолъиги тІалаб гьабурасе гьес абадияб гІумру насиб гьабила.</verse>
				<verse number="8">Жидеего пайдаялъе хІалтІулезде ва, хІакъабщиналъухъ гІенеккичІого, квешабщиналъухъ гІенеккаразде Аллагьасул ццин гьалаглъила.</verse>
				<verse number="9">ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса квешлъи гьабунщинасе — гІазабги гІакъубаги!</verse>
				<verse number="10">ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса лъикІлъи гьабунщинасе — цІарги, реццги, саламалъиги!</verse>
				<verse number="11">Аллагьасул цІадираби ритІухъал ругелъулха!</verse>
				<verse number="12">Мусал Къанун лъалелдего мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьичІого, Къанун лъан хадуб мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьун.</verse>
				<verse number="13">Къанун цІалулеб рагІараб гІоларо, гьелда рекъон хьвадизеги ккола — Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІине.</verse>
				<verse number="14">Къанунго лъаларел гІадамаз, Къанун лъачІониги, жидерго гІакълу нахъгІунтІун тІуразарула Къануналъул амруял.</verse>
				<verse number="15">Къануналда бугебаб жидер рекІелъ хъван бугеблъи бихьизабула гьезул намусалъ: гьезулъ рижула цо-цо мехалда жидедаго гІайиб чІвалел, цо-цо мехалда жалго ритІухъ гьарулел пикраби.</verse>
				<verse number="16">Дица тІибитІизабулеб бугеб Рохалил хабаралда рекъон, МасихІ ГІисадалъун Аллагьас суд гьабулеб къоялъ къватІир чІвазарила киназулго балъгоял къасдал.</verse>
				<verse number="17">Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула,</verse>
				<verse number="18">дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун.</verse>
				<verse number="19">Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин,</verse>
				<verse number="20">гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун.</verse>
				<verse number="21">Дуца цогидазда малъула — дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула — мунго щайха цІогьодулев?</verse>
				<verse number="22">ХъахІбалъи гьабугейилан абула — дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго — гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел?</verse>
				<verse number="23">Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула.</verse>
				<verse number="24">ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго».</verse>
				<verse number="25">Сунат гьабиялъул дуе пайда буго, Къануналъ малъухъе мун хьвадулев вугони. Дуца Къанун хвезабулеб бугони, сунатго гьабичІев гІадинав чи гурищ мун кколев?</verse>
				<verse number="26">Цогидал халкъазул чи Къануналъ малъухъе хьвадулев вугони, сунат гьабурав чи гІадин къабул гьавуларищ Аллагьас гьевги?</verse>
				<verse number="27">Чорхол лага къотІун сунат гьабичІониги, Къануналда рекъон хьвадулел цогидал халкъазул гІадамаз гІайиб чІвала дуда, хъвараб Къанунги рещтІарав, сунатги гьабурав, амма Къануналда рекъон хьвадуларев чи вугилан.</verse>
				<verse number="28">Чорхол лага къотІун сунат гьабуравщинав ва тІасан вихьизе жугьутІавилан кколевщинав чи жугьутІав гуро.</verse>
				<verse number="29">Унго-унгояв жугьутІав ккола жаниса жив жугьутІавлъунги вугев ва жиндир рекІелъ, Къануналъул хІарпаздалъун гуреб, Илагьияб РухІалдалъун сунатги гьабурав чи. Гьединав чиясе рецц, гІадамаздасан гуреб, Аллагьасдасан букІуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьедин батани, жугьутІал цогидал халкъазул гІадамаздаса сундалъунха тІокІал ругел? Сунат гьабиялъул пайда бугебищ?</verse>
				<verse number="2">Бугебха, бугизеги батІи-батІияб пайда буго! ТІоцебесеб — Аллагьас жиндирго рагІул божилъи жугьутІазде гьабуна.</verse>
				<verse number="3">Гьезул цо-цояз гьеб божилъи хвезабуни? Гьезул божуда рекІкІ сабаблъун, Аллагьас жиндирго рагІи хвезабулебищ?</verse>
				<verse number="4">Киданиги гьабуларо! Аллагьас киданиги хвезабуларо жиндирго рагІи, хІатта киналго гІадамал гьерсихъабилъун лъугьанигицин. ТІухьдузда хъван буго: «Щиб Дуца абуниги, гьеб хІакъаб букІина, Дуде гІайиб гІунтІизабурасдасаги Мун бергьина».</verse>
				<verse number="5">Нилъер квешал ишаз Аллагьасул ритІухълъи якъинго загьир гьабулеб бугони, гьелда щибиланха абилеб? Нилъее тамихІ ритІухъго гьабулеб гьечІин Аллагьасиланищ абилеб? (Дица гьеб гьикъулеб буго инсанасулаб гІакълуялда нахъвилълъун.)</verse>
				<verse number="6">Гьедин абизе бегьуларо! Гьедин бугони, Аллагьас гІаламалъего суд кин гьабилеб?</verse>
				<verse number="7">Дир квешал ишаз Аллагьасул хІакъикъат жеги цІикІкІун загьир гьабулеб бугони, гьелдалъун Аллагьасе реццги жеги цІикІкІунеб бугони? Гьеб сабаблъун мунагьалъукье кканилан Аллагьас дие тамихІ гьабизе бегьилищ?</verse>
				<verse number="8">«Гьедин батани, рачІаха квешлъи гьабизе, цинги гьеб лъикІлъиялде сверизе!» — ян абизе бегьилищ? (Цо-цо дун какизе бокьарал гІадамаз хІакъикъаталдаги абула дица гьедин гьабизе малъулеб бугилан. Гьезие насиблъила мустахІикъаб тамихІ!)</verse>
				<verse number="9">Нижее, жугьутІазе, тІокІлъи гьечІебищха? ГьечІо! Дица бичІчІизабунагури, жугьутІалги цогидал халкъалги — киналго мунагьалъул кверщаликь ругилан.</verse>
				<verse number="10">ТІухьдузда хъван буго: «Цониги муъминчи гьечІо, цохІониги гьечІо.</verse>
				<verse number="11">Цониги бичІчІулев чиги гьечІо, лъицаниги Аллагь валагьулев гьечІо.</verse>
				<verse number="12">Киназго Аллагьасде мугъ рехун буго, киналго квешлъун руго. ЛъикІлъи гьабулев чиго гьечІо, цохІониги гьечІо.</verse>
				<verse number="13">Рагьараб хобалда релълъуна гьезул мукъулукъ, гьезул мацІалтІаги гьереси буго. Борхьил загьру буго гьезул кІутІбузда.</verse>
				<verse number="14">Ццидалги хьандеялъулги цІун буго гьезул кІал.</verse>
				<verse number="15">Би гІодобе тІезе гІедегІула гьезул бохдул,</verse>
				<verse number="16">Гьел щванщиналъуб чІунтиги чІунтелалги руго.</verse>
				<verse number="17">Ракълил нух лъаларо гьезда.</verse>
				<verse number="18">Аллагьасукьа хІинкъизе бокьулеб гьечІо гьезие».</verse>
				<verse number="19">Кинабго Къануналъ абулеб бугебщинаб Къануналда рекъон хьвадулезе бихьизабураб букІин лъала нилъеда, — гьединлъидал жинда гІайиб гьечІилан лъицаниги кІал ричІизе бакІ гьечІо, Аллагьасда цебе тІолабго гІаламалда гІайиб чІвалеб буго гьелъ.</verse>
				<verse number="20">Къануналъ малъухъе хьвадунилан цониги чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунаро. Нилъер мунагь щиб жояли бихьизаби гурони, цоги щибха гьелдаса бугеб?</verse>
				<verse number="21">Амма гьанже нилъее рагьана гьеб, Къануналъухъго балагьичІого, Аллагьасда цере ритІухълъулеб нух. Къануналъги аварагзабазги цебеккунго бицун букІараб нухин гьеб.</verse>
				<verse number="22">ГІиса МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьас насиблъизабураб ритІухълъи ккола гьеб. Щивниги ватІа гьавичІого, кинавго иман лъурав чиясе загьирлъана гьеб нух.</verse>
				<verse number="23">Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса.</verse>
				<verse number="24">Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал.</verse>
				<verse number="25">Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас.</verse>
				<verse number="26">Живго ритІухъав вукІин ва ГІисаде иман лъурал гІадамал жинца ритІухъ гьарулеллъиги бихьизабуна гьес гьанже. Гьеле гьедин загьир гьабуна Аллагьас живго ритІухъав вукІин.</verse>
				<verse number="27">Сундасаха гьанже нилъ чІухІизе бегьулел? Сундасаниги чІухІизе бегьуларо. ЧІухІизе жо щибха нилъер бугеб? ЛъикІал ишалищ? Гуро, — нилъерго божи-иман!</verse>
				<verse number="28">Мусал Къанун цІуниялдалъун ритІухълъичІониги, божи-иманалдалъун инсан ритІухълъулевлъи чІезабулеб буго нижеца.</verse>
				<verse number="29">Аллагь гІицІго жугьутІазул Аллагьищ? Цогидал халкъазулги Аллагь гурищ гьев? У, цогидал халкъазулги Аллагь вуго гьев.</verse>
				<verse number="30">Аллагь цо вуго, сунат гьабуравги божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев, сунат гьабичІевги — гьединго божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев.</verse>
				<verse number="31">Божи-иманалъе гІоло Мусал Къанун нахъчІвалебищха нилъеца бугеб? ГьечІо! Къанун гучлъизабулеб буго нилъеца.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Нилъер зурияталъул эмен Ибрагьимил хІакъалъулъ щибилан нилъеца абилеб? Щиб гьесие загьирлъараб?</verse>
				<verse number="2">Ибрагьим жиндирго лъикІал ишаздалъун ритІухълъаравани, Аллагьасда цеве гурев, гІадамазда цеве чІухІизе бегьилаан гьев.</verse>
				<verse number="3">ТІухьдузда щиб хъван бугеб? «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана».</verse>
				<verse number="4">Сайигъат гуро хІалтІухъанасе кьолеб мухь — гьесие кколеб харж буго.</verse>
				<verse number="5">Амма инсанас, жиндирго ишазда гуреб, мунагьазул цІуралги ритІухъаллъун гьарулев Аллагьасде лъураб иманалда мугъчІвалеб бугони, гьесул божи-иман сабаблъун, Аллагьас гьев рикІкІуна жиндие ритІухъав чилъун.</verse>
				<verse number="6">Ишазухъ балагьичІого, ритІухъал чагІилъун рикІкІаразде Аллагьасул баркат рещтІиналъул бицунаго, гьебго жо абулеб буго Давудицаги:</verse>
				<verse number="7">«Гьардарал гурищ жидер мунагьги чурарал хІакъалда тІасаги лъугьарал чагІи.</verse>
				<verse number="8">Гьардарав гурищ жиндир мунагь БетІергьанас бахчарав чи».</verse>
				<verse number="9">ГІицІго сунат гьабуразейищха гьеб баркат щолеб, сунат гьабичІезе щоларебищ? Дица бицана Ибрагьимил божи-иман сабаблъун рикІкІанин Аллагьас гьев жиндие ритІухъав чилъун.</verse>
				<verse number="10">Кида гьеб букІараб — гьес сунат гьабилелдейищ, гьабун хадубищ? Сунат гьабун хадуб гуреб, сунат гьабилелдего букІана гьеб.</verse>
				<verse number="11">Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал.</verse>
				<verse number="12">Гьединго сунат гьабуразулги эмен вуго Ибрагьим. Сунат гьабурал рукІин гуребги, гьел Ибрагьимил нухдасан ана, сунат гьабилелдего гьесулъ букІараб божи-иман гьезулъги букІиндал.</verse>
				<verse number="13">Къанун цІуниялдалъун гуреб, божи-иманалдалъун Ибрагьим ритІухълъизавидал, гьаб дуниял нужее насиблъизабилин рагІи кьун букІана Аллагьас Ибрагьимиеги гьесул наслуялъеги.</verse>
				<verse number="14">ГІицІго Къануналъ малъухъе хьвадулезе гьеб рагІи кьун букІарабани, божи-иманалъул щибго пайда букІинароан, кьураб рагІиги гІадада ккелаан,</verse>
				<verse number="15">Къануналъ Аллагьасул ццин бахъинабулелъул, Къанун гьечІеб бакІалда такъсирги букІунаро.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидал гьеб рагІи кьеялъе сабаблъун божи-иман лъугьана ва гьел мустахІикълъичІеб сайигъатлъун букІана. Гьедин кьураб рагІи хвезабиларилан къотІиги гьабуна Аллагьас Ибрагьимил наслуялъе: Къануналъ малъухъе хьвадулезе ва Ибрагьимил божи-иманалъул нух ккуразе. Нилъер киназулго эмен вуго гьев.</verse>
				<verse number="17">ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев!</verse>
				<verse number="18">Хьул къотІараб мехалъги хьул лъун божана Ибрагьим Аллагьасда. Гьединлъидал гІемерал халкъазул эменлъун лъугьана гьев: «Дур наслуялъул гІадамал цІвабигІан гІемер рукІина», — ян ТІухьдузда хъварабги ритІухълъун.</verse>
				<verse number="19">Нусго соналде вахунев вугев жиндир чорхол чІаголъи хун букІиналъул ва лъимер ургьиб хулулареб херлъиялде ян Сарат йикІиналъул пикру гьабичІого, божи-иман загІиплъизе биччачІо гьес.</verse>
				<verse number="20">Аллагьас кьураб рагІи холилан ракІалдецин ккечІого, божи-иманалъулъ щулалъана ва Аллагьасе рецц гьабуна.</verse>
				<verse number="21">Кьураб рагІи тІубазабизе къуват Аллагьасул букІиналда щибго щаклъи гьечІого божана.</verse>
				<verse number="22">Гьеле гьединлъидал Аллагьас «гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана».</verse>
				<verse number="23">ГІицІго гьесул хІакъалъулъ гуро хъван ругел «ритІухъав чилъун рикІкІана» абурал гьел рагІаби.</verse>
				<verse number="24">Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин.</verse>
				<verse number="25">Нилъер мунагьал чуриялъе гІоло хвалде ана ГІиса ва нилъ ритІухълъизариялъе гІоло Аллагьас чІаголъизеги гьавуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ.</verse>
				<verse number="2">Гьесдалъун кІвана нилъеда божи-иман сабаблъун гьанже нилъее бугеб баркаталъе мустахІикълъизе. Аллагьасул къудраталъулъ нилъееги гІахьаллъи щвелилан бугеб хьулалдаса рохун руго нилъ.</verse>
				<verse number="3">Гьелдаса гуребги, гІазаб-гІакъубаялдасаги рохун руго, гІазаб-гІакъубаялъ сабру кьолеблъиги лъан.</verse>
				<verse number="4">Сабруялъ рачуна къо хІехьеялде, къо хІехьеялъ рачуна хьул лъеялде,</verse>
				<verse number="5">хьул гІадада кколаро — нилъеде рещтІинабураб Илагьияб РухІалдалъун Аллагьас нилъер рекІелъе рокьи чвахизабулеб бугелъул.</verse>
				<verse number="6">Жеги нилъ загІипго рукІаго, Аллагьас болжал цІараб заманалда, МасихІ хвана мунапикъзабазул мунагьал сабаблъун.</verse>
				<verse number="7">Муъминчиясе гІолоцин хвалде чи инадай? ЛъикІав инсанасе гІоло холев чи вукІинеги бегьула.</verse>
				<verse number="8">Амма Аллагьас бихьизабуна гьесие нилъ рокьулеллъи: мунагьазул цІун нилъ ругеб мехалда, нилъее гІоло хвана МасихІ.</verse>
				<verse number="9">Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел!</verse>
				<verse number="10">Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун.</verse>
				<verse number="11">ТІадежоялъеги нилъ ракълиде рачарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьас тІуразарурал ишаздаса рохунги руго нилъ.</verse>
				<verse number="12">Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана.</verse>
				<verse number="13">Мусал Къанун рещтІиналдего букІана дуниялалда мунагь. Амма Къанун гьечІеб бакІалда мунагь мунагьлъун рикІкІунаро.</verse>
				<verse number="14">Адамидаса бахъараб Мусаде щвезегІан киналго хвалил квачІикь рукІана, Адамица гІадинаб мунагь гьабичІелгицин. Нахъа вачІине вугесул сипат-суратлъун вукІана Адам.</verse>
				<verse number="15">Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун.</verse>
				<verse number="16">Цо инсанас гьабураб мунагь Аллагьасул баркаталде данде кквезе бегьуларо. ЦохІо мунагьалдаса хадуб судги гьабуна, тамихІги гьабуна. Амма гІемерал мунагьазда хадуб, тІубанго ритІухълъизарун, баркатги рещтІана.</verse>
				<verse number="17">Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила.</verse>
				<verse number="18">ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана.</verse>
				<verse number="19">Аллагьасухъ гІенеккичІев цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал мунагьалъукье ккарал гІадин, Аллагьасухъ гІенеккарав цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал ритІухълъизарила.</verse>
				<verse number="20">Къанун рещтІана такъсир цІикІкІине. Амма мунагь цІикІкІараб бакІалда гІемерго цІикІкІана Аллагьасул баркатги.</verse>
				<verse number="21">Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Цоги щиб дица абилеб? Аллагьасул баркат цІикІкІине бокьани, церего гІадин мунагьал гьаризе кколинищ?</verse>
				<verse number="2">Кколаро! Мунагьалъе хвана нилъ! Гьанжеги мунагьал гьаризе бегьилищ нилъеца?</verse>
				<verse number="3">Яги нужеда кІочонищ тараб ГІиса МасихІгун цолъизе нилъ лъадаца чурараб заман? Гьеле гьедин нилъги лъадаца чуридал, гьесул хвел нилъееги гІахьалаблъун лъугьана.</verse>
				<verse number="4">Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе.</verse>
				<verse number="5">Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун.</verse>
				<verse number="6">Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи — нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе.</verse>
				<verse number="7">Хварав чиясда тІад мунагьалъ ханлъи гьабуларелъулха!</verse>
				<verse number="8">Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги.</verse>
				<verse number="9">Нилъеда лъала хваралъуса вахъинавурав МасихІ тІокІав хвезе гьечІевлъи. Хвалил кверщел хутІичІо гьесда тІад.</verse>
				<verse number="10">Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго.</verse>
				<verse number="11">Гьедин нужецаги нужго рикІкІе, МасихІиде цолъун, мунагьалъе хвараллъун, Аллагьасда цере чІагояллъун.</verse>
				<verse number="12">Гьединлъидал хвалил кверщаликь бугеб нужер чорхолъ мунагьалъ ханлъи гьабизе биччаге.</verse>
				<verse number="13">Нужер чорхол лугби мунагьалъул кверщаликье ккезе риччаге, квешлъи гьабизе квалквадулеб ярагълъун ккезе риччаге гьел. Хвел тІаса инабун чІаголъиялде рачарал Аллагьасда кодоре кье нужго ва ритІухълъиялъе квалквадулеб ярагълъун нужер чорхол лугбиги кье.</verse>
				<verse number="14">Мунагьалъ нужеда тІад кверщел гьабизе бегьуларо, щайгурелъул Къануналъул кверщаликь гурел, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул нуж.</verse>
				<verse number="15">Щибха гьанже гьабизе кколеб? Къануналъул кверщаликь гьечІого, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул, мунагьалищ гьарилел? Гьариларо!</verse>
				<verse number="16">Цо лъиениги мутІигІлъун, гьесие лагълъи гьабулеб бугони, хІакъикъаталдаги нуж гьесул лагъзаллъун лъугьунеллъи лъаларищ нужеда? Нужее буго кІиго нух: хвалде рачунеб мунагьалъе мутІигІлъи яги жиб сабаблъун Аллагьас инсан ритІухълъизавулеб мутІигІлъи.</verse>
				<verse number="17">Кидаялиго нуж мунагьалъул лагъзаллъун рукІарал ратаниги, Аллагьасе рецц, нужеца ракІ-ракІалъ къабул гьабуна дица малъарабщинаб.</verse>
				<verse number="18">Нуж мунагьалдаса тархъанлъана ва ритІухълъиялъул лагъзаллъун лъугьана.</verse>
				<verse number="19">Нужер напс жеги загІипго бугелъул, нужеда гьеб дица гІадатияб мацІалда бицунеб буго. Нужер чорхол лугбуз хъублъиялъе, квешлъи-пасалъиялъе лагълъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже гьел тІаме нуж рацІцІалъизарулев Аллагьасе лагълъи гьабизе.</verse>
				<verse number="20">Мунагьалъул лагъзаллъун ругеб заманалда рацІцІалъиялъул кверщаликьа рорчІун рукІана нуж.</verse>
				<verse number="21">Гьанже нужго намуслъулел дол ишаздаса щиб пайда ккараб нужее доб мехалда? Хвалдейин додинал ишаз рачунел!</verse>
				<verse number="22">Амма гьанже мунагьалдаса тархъанлъараб ва Аллагьасул лагъзаллъун лъугьараб мехалда нужее ккараб пайдаялъ хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялде рачуна. Ва ахиралда абадияб гІумруялдеги рачуна!</verse>
				<verse number="23">Хвел буго мунагьалъухъ кьолеб мухь, амма абадияб гІумру буго нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисаде цолъарал нилъее Аллагьасул сайигъат.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо.</verse>
				<verse number="2">Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса.</verse>
				<verse number="3">Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо.</verse>
				<verse number="4">Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, — МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе.</verse>
				<verse number="5">Мунагьаб напсалъ нилъеда тІад кверщел гьабулеб букІараб заманалда, Къануналъ квешал къасдазул къуват цІикІкІинабулаан нилъер чурхдузулъ, нилъер ишаздалъун хвалие хъулухъги гьабулаан.</verse>
				<verse number="6">Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, — хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе.</verse>
				<verse number="7">Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» — ян абураб амру Къануналда батичІебани.</verse>
				<verse number="8">Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго.</verse>
				<verse number="9">Къанун гьечІеб заманги букІана дир гІумруялъулъ, амма Къануналъул амру рещтІараб мехалъ, мунагь чІаголъана, дун хвана.</verse>
				<verse number="10">Амру рещтІун букІана дун чІаголъизавизе, гьелъин абуни, дун хвалде вачана.</verse>
				<verse number="11">Амруялъ кьураб ресалдаса пайдаги босун, гьеб мунагьалъин дун гуккарав ва, амруги хІалае ккун, дун хвезавурав.</verse>
				<verse number="12">Къанунги бацІцІадаб буго, Аллагьасул амруги бацІцІадаб, ритІухъаб ва лъикІаб буго.</verse>
				<verse number="13">ЛъикІаб жоялъ дун хвезавуниланищ дица абулеб бугеб? ГьечІо! Мунагьалъ гьабуна гьеб, гьедин жиндирго квешлъиги загьир гьабуна гьелъ. Мунагьалъ хвезавуна дун, лъикІаб жоялдаса пайдаги босун. Гьединаб къагІидаялъ Аллагьасул амруялъ квербакъана мунагь бищунго гІасияб жо букІин загьирлъизе.</verse>
				<verse number="14">Нилъеда лъала Къанун илагьияб букІин, дунин абуни, холев-унев чи вуго, мунагьалъе лагълъун вичунги вуго.</verse>
				<verse number="15">Дидаго бичІчІулеб гьечІо дие щиб бокьун бугебали. Диего бокьараб дица гьабуларо, рекІее рихараб гьабун батула.</verse>
				<verse number="16">Диего бокьулареб жо дица гьабулеб бугони, гьелъул магІна ккола Къанун лъикІаб жо букІин дида бичІчІулеб бугеблъи.</verse>
				<verse number="17">ХІакъикъаталда дица гуро квешлъи гьабулеб, гьеб гьабула дилъ бугеб мунагьалъ.</verse>
				<verse number="18">Дида лъала дир напсалъ биччалеб гьечІеблъи дица лъикІлъи гьабизе: лъикІлъи гьабизе дие бокьаниги, дихъа гьеб лъугьунаро.</verse>
				<verse number="19">Дица гьабулеб бугеб иш доб дие гьабизе бокьун бугеб лъикІаб иш кколаро. Дицаго гьабизе бокьун гьечІеб квешлъиги гьабулеб буго дица.</verse>
				<verse number="20">Гьединаб къагІидаялъ диего бокьулареб жо дица гьабуни, гьеб дица гьабураблъун кколаро, дилъ бугеб мунагьалъ гьабула гьеб.</verse>
				<verse number="21">ХІасил, дие загьирлъана инсанасул хасият: лъикІлъи гьабизе бокьараб мехалъ, квешлъи гьабун бахъун кколеб буго.</verse>
				<verse number="22">Аллагьасул Къануналдаса бохун букІуна дир ракІ.</verse>
				<verse number="23">Амма дида лъала дир чорхол лугбузул хасият батІияб букІин. Гьеб дир гІакълуялда дандечІола. Дир чорхол лугбузул гьеб хасият сабаблъун гьабураб мунагьалъул асирлъунги ккана дун.</verse>
				<verse number="24">Дидаса талихІ къосарав чиго вугодай! Дун хвалде вачунеб чорхол хасияталдаса лъица дун хвасар гьавилев?</verse>
				<verse number="25">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун дун хвасар гьавулев Аллагьасе рецц! Дир гІакълуни Аллагьасул Къануналъул лагъ буго. Амма дир мунагьаб напс мунагьаб хасияталъул лагъ буго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">ГІиса МасихІиде цолъаразе тамихІ гьечІо гьанже.</verse>
				<verse number="2">ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса.</verse>
				<verse number="3">Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе.</verse>
				<verse number="4">Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе — нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин.</verse>
				<verse number="5">Жидерго мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел гІадамазул гІакълу мутІигІлъула гьезул напсалъе бокьулеб жоялъе. Амма Аллагьасул РухІалъ малъухъе хьвадулезул гІакълу мутІигІлъула РухІалъе бокьулеб жоялъе.</verse>
				<verse number="6">Мунагьав чиясул гІакълуялъ гьев хвалде вачуна, амма РухІалъул кверщаликь бугеб гІакълуялъ инсан абадияб гІумруялде ва сах-саламалъиялде вачуна.</verse>
				<verse number="7">Мунагьаб гІакълу Аллагьасда дандечІола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутІигІлъуларо, мутІигІлъизеги кІоларо гьелда.</verse>
				<verse number="8">Жидерго мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел гІадамаздаса Аллагь разилъизе рес гьечІо.</verse>
				<verse number="9">Нужелъ Аллагьасул РухІ бугони, нужеда тІад кверщел мунагьаб напсалъ гуреб, РухІалъин гьабулеб. МасихІил РухІ жиндилъ гьечІев инсан МасихІил умматалъул чи кколаро.</verse>
				<verse number="10">Дулъ МасихІ вугони, дур черх мунагьалъе хола, амма Аллагьас мун ритІухъ гьавидал, дур рухІ чІаголъула.</verse>
				<verse number="11">МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги.</verse>
				<verse number="12">Гьанже, вацал, нилъеда тІадаб парзги бугебха, амма мунагьаб напсалда нахърилълъине паризаяб гьечІо.</verse>
				<verse number="13">Мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел ругони, нуж хвела. Амма, РухІги хІалае ккун, нужеца хвезаруни нужго мунагьалъукье ккезарулел ишал, нужее абадияб гІумру насиблъила.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасул РухІалъ тІоритІулел ругел гІадамал Аллагьасул лъимал ккола.</verse>
				<verse number="15">Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» — абун ахІизе.</verse>
				<verse number="16">Гьеб РухІалъ, нилъерго рухІазгун цадахъ, нугІлъи гьабула нилъ Аллагьасул лъимал рукІиналъе.</verse>
				<verse number="17">Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее.</verse>
				<verse number="18">Дида ракІалде ккола, гьанже нилъее бугеб гІазаб-гІакъуба данде кквезегицин бегьиларин нилъелъ загьирлъизе бугеб къудраталда.</verse>
				<verse number="19">Кинабго бижанщинаб гІащикъго балагьун чІун буго жиндир лъимал щалали Аллагьас кидадай загьир гьабилаян.</verse>
				<verse number="20">[20-21] Гьеб бижанщинабги битІараб нухдаса къосине къадар букІана, жиндиего бокьун гуребха, — Аллагьасул хІукму гьединаб бугелъул. Амма гьеб бижанщиналъул хьул букІана хвалил лагълъиялдаса хвасарлъизе. Хьул букІана Аллагьасул лъималазе щвараб гІадинаб къудраталъулги эркенлъиялъулги бутІа жидееги щвелин.</verse>
				<verse number="21"></verse>
				<verse number="22">Гьеб бижанщинаб гьанжелъагІангицин, лъимаде хІара чІварай чІужугІадан гІадин, угьдилеб бугеблъи лъала нилъеда.</verse>
				<verse number="23">ЦІияб гІумру байбихьиялъул гІаламатлъун Аллагьасул РухІ сайигъатлъун щварал нилъгицин угьдилел руго кидадай Аллагьас нилъ жиндирго лъималлъун гьарилаян ва кидадай нилъ тІубанго эркенлъилаян.</verse>
				<verse number="24">Хьул лъедалин нилъее хвасарлъи щвараб. Амма бералда бихьулелде лъураб хьул — гьеб хьул гуро. Бихьулеб жоялде хьул кин лъолеб?</verse>
				<verse number="25">Жеги нилъеда бихьичІелде хьул лъураб мехалъ, кидадай гьеб щвелаян сабру гьабун рукІуна нилъ.</verse>
				<verse number="26">ЗагІипал ва щиб гьарилебали лъаларел нилъее квер бакъула Аллагьасул РухІалъ. Амма жибго гьеб РухІалъгицин угьдилаго гьарула нилъее хІажатабщинаб, рагІабаздалъун загьир гьабизе бажарулареб каламги гьабун.</verse>
				<verse number="27">Аллагьасда лъала нилъер рекІелъ щиб бугебали, лъала Аллагьасул РухІалъ кинал пикраби нилъер рекІелъ рижизарун ругелали. Аллагьас малъун гьеб РухІалъ, Аллагьасул халкъалъул рахъалъ Аллагьасде гьари-дугІа гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="28">Жив вокьулел ва, жиндир амруялда рекъон, хъулухъ гьабизе ахІарал гІадамазе Аллагьас сундулъго лъикІлъи гьабулеблъи лъала нилъеда.</verse>
				<verse number="29">Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал.</verse>
				<verse number="30">Жинца тІаса рищаралщинал Аллагьас жиндихъего ахІана, жиндихъего ахІаралщинал ритІухълъизеги гьаруна, ритІухълъизаруралщиназе жиндирго кІодолъиялъул бутІа насиблъизабуна.</verse>
				<verse number="31">Гьанже гьелда тІаде щиб жубалеб? Аллагь нилъехъан ватани, нилъеда дандечІарав щивха?</verse>
				<verse number="32">Щивниги гьечІо! Аллагь жиндирго Васасдагицин барахщинчІо, нилъее гІоло хвезе витІана гьев. Гьединаб сайигъат гьабурав Аллагьас хутІарабщинаб кьеларищ нилъее?</verse>
				<verse number="33">Аллагьас тІаса рищарал нилъеда гІайиб чІвазе кІолев чи вугищ? ГьечІо. Аллагьас ритІухълъизарула гьел!</verse>
				<verse number="34">Лъида кІвелеб гьезие тамихІалъе хІукму гьабизе? Лъиданиги кІвеларо! МасихІ ГІиса хвана, хваралъуса вахъана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго, нилъер рахъккун кІалъалев.</verse>
				<verse number="35">Нилъеде МасихІил бугеб рокьи тІезабизе сунда кІвелеб? Балагьалдайищ? ГІазабалдайищ? ГІадамаздасан бачІунеб къварилъиялдайищ? Ракъиялдайищ? ГІицІлъиялдайищ? ХІинкъи букІиналдайищ? Хвалчадайищ?..</verse>
				<verse number="36">ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун».</verse>
				<verse number="37">Сундасаго нилъ тІубанго бергьуна, нилъ рокьулев нилъее хІалае вугелъул.</verse>
				<verse number="38">Дида ракІчІун лъала я гІумруялда, я хвалида, я малаикзабазда, я шайтІабазда, я гьаб заманаялъул къуваталда, я бачІунеб заманаялъул къуваталда, я цогидаб къуваталда,</verse>
				<verse number="39">я тІасияб дуниялалъул къуваталда, я гъоркьияб дуниялалъул къуваталда, бижанщиналъул сунданиги, лъиданиги тІезабизе кІоларо нилъеде бугеб Аллагьасул рокьи — нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун гьес нилъее загьирлъизабураб рокьи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Гьале дица нужее битІахъе бицунеб буго (МасихІгун цолъарав дица гьереси бицунаро, — дир намус-яхІалъ тасдикъ гьабула гьеб, Илагьияб РухІалъ нугІлъиги гьабула гьелъие):</verse>
				<verse number="2">дир ракІ цІакъ къваридго буго, нахъаса къотІичІого бухІулеб буго гьеб.</verse>
				<verse number="3">НагІана кьун, МасихІидаса дунго тІезавизе разилъила дун, гьелдалъун дир вацазе, дир ракьцоязе,</verse>
				<verse number="4">Исраилил халкъалъе пайда кколеб бугони. Аллагьас гьел жиндирго лъималлъун лъугьинаруна, жиндирго кІодолъиги гьезие загьир гьабуна, гьезулгун къотІиги гьабуна, Къанунги рещтІинабуна, Мукъадасаб Рокъоб Аллагьасе хъулухъ гьабизеги гьезие изну кьуна, хвасар гьарилилан рагІиги кьуна гьезие.</verse>
				<verse number="5">Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин.</verse>
				<verse number="6">Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал.</verse>
				<verse number="7">Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб».</verse>
				<verse number="8">Аллагьас рагІи кьун гьарурал лъималаздаса лъугьараб гурони, цогидал лъималаздаса лъугьараб наслу хІакълъунго наслулъун рикІкІунарилан абураб магІна буго гьел рагІабазул.</verse>
				<verse number="9">Гьадинаб рагІийин кьун букІараб: «Цо заманалдасан дун тІадвуссараб мехалъ, Саратил вас вукІине вуго».</verse>
				<verse number="10">Гьале цоги мисал. Гьелдаго релълъун ккана Ребекъал ургьиб нилъер наслуялъул эмен ИсхІакъидасан кІиго лъимер хулараб мехалдаги.</verse>
				<verse number="11">[11-12] Жеги гьел лъимал гьарилелдего, гьез я квешлъи, яги лъикІлъи гьабилелдего, Аллагьас гьелда абуна: «ЦІикІкІаравги вукІина гьитІинасул лагълъун». Аллагьас гьедин щай абурабали загьирлъана гьес цояв тІаса вищидал. Гьезул ишазухъ балагьичІого, жиндиего бокьарав гьес жиндихъего ахІана.</verse>
				<verse number="12"></verse>
				<verse number="13">ТІухьдузда хъван буго: «Якъуб дие вокьана, ГІис дие рихана», — ян.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасул хІукму ритІухъаб гьечІилан абизе бегьилищ? Бегьиларо!</verse>
				<verse number="15">Аллагьас Мусада абуна: «Диего бокьарасда цІобги лъела, диего бокьарасда гурхІизеги гурхІила», — ян.</verse>
				<verse number="16">Гьедин цоял тІаса рищи бараб гьечІо инсанасе бокьи-бокьунгутІиялда ва гьесул хІаракат-жигаралда, Аллагьасул цІобалда бараб буго.</verse>
				<verse number="17">ТІухьдузда хъван буго Аллагьас пиргІавнасда гьадин абунилан: «Мунги хвезавун, дирго кІодолъи бихьизабизеги дир цІарги тІолабго ракьалда машгьурлъизегийин дица мун кІодо гьавурав».</verse>
				<verse number="18">Гьедин жиндиего бокьарав чиясда цІобги лъола Аллагьас, жиндиего бокьарав чи гІасилъизеги гьавула.</verse>
				<verse number="19">Дие суал кьезе бегьула: «Гьедин батани, Аллагьас лъиданиги гІайиб чІвазе бегьилищ? Гьесул къадаралде дандечІезе кІолев чи вукІунищ?» — абун.</verse>
				<verse number="20">Ле инсан, Аллагьгун гьедин дагІбадизе мун щив кколев? ЩагІил хъабаялъ щагІихъанасда гьикъулебищ: «Дуца дун гьадинаб щай гьабураб?» — абун.</verse>
				<verse number="21">ЩагІихъанасул ихтияр гьечІищ цого хІатІалъул гьайбатаб сурахІиги гІадатияб хъабаги гьабизе?</verse>
				<verse number="22">Жиндирго ццин бахъин бихьизабизе ва къудрат загьир гьабизе бокьаниги, халатккун сабруги гьабун, гьел «Аллагьасул ццидал цІурал хъубилъун» ругел гІадамал хвезаризе гІедегІуларо Аллагь.</verse>
				<verse number="23">[23-24] Гьесие бокьана жиндирго гьарзаяб баркат нилъеде — «Аллагьасул цІобалъул цІурал сурахІабазде» — рещтІинабизе. Гьес цебеккунго хІукму гьабун букІана нилъее баркат насиблъизабилин. Аллагьас жиндихъего ахІун руго нилъ — жугьутІал гурелги, цогидал халкъалги.</verse>
				<verse number="24"></verse>
				<verse number="25">Гьошея аварагасда Аллагьас гьадин абун буго: «Дир гуреб халкъ дир бугилан абила дица, дие хирияллъун гьечІезда дие хириял ругилан абила».</verse>
				<verse number="26">Хадубги: «Нуж дир халкъ гурилан гьезда абураб бакІалда дица абила нуж хІакъав Аллагьасул лъимал ругилан».</verse>
				<verse number="27">Ишая аварагасги гьадин абулеб буго Исраилил халкъалъул хІакъалъулъ: «Исраилил халкъ ралъдал салигІан гІемерлъаниги, гьезул хутІараб гьитІинабго бутІа гурони хвасарлъиларо.</verse>
				<verse number="28">БетІергьанас ракьалда кьварараб хІукму хехго тІубазабизе бугелъулха».</verse>
				<verse number="29">Гьелдасаги цебе Ишая аварагасул тІехьалда гьелъул хІакъалъулъ хъван буго: «ХІалкІолев БетІергьанас нилъее чанго наслу насиблъизабичІебани, нилъ Содомалъул халкъалда релълъинаан ва Гоморраялъул халкъалда ращалъилаан».</verse>
				<verse number="30">Гьанже щиб дица абилеб? ТІалаб гьабизе лъугьинчІониги, божи-иманалдалъун щвана мажусияллъун рукІаразе Аллагьасда цебе ритІухълъи.</verse>
				<verse number="31">Къануналдалъун гьеб тІалаб гьабизе лъугьараб Исраилил халкъалъе ритІухълъи щвечІо.</verse>
				<verse number="32">Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие.</verse>
				<verse number="33">ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо», — ян.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Дие цІакъ бокьун буго, вацал, Исраилил халкъ хвасарлъизе. Аллагьасдаги гьарулеб буго дица гьел хвасар гьареян.</verse>
				<verse number="2">Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул.</verse>
				<verse number="3">Аллагьасдасан бачІунеб хІакъаб ритІухълъи жидеда лъаларелъул, гьел лъугьунел руго жидерго хасаб ритІухълъи чІезабизе. Аллагьасул ритІухълъиялъеги мутІигІлъулел гьечІо.</verse>
				<verse number="4">МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго.</verse>
				<verse number="5">Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ Мусаца гьадин абулеб буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила».</verse>
				<verse number="6">Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна — МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.)</verse>
				<verse number="7">«Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна — МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.)</verse>
				<verse number="8">Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи.</verse>
				<verse number="9">Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила.</verse>
				<verse number="10">Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела.</verse>
				<verse number="11">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», — ян.</verse>
				<verse number="12">ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула.</verse>
				<verse number="13">ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», — ян.</verse>
				<verse number="14">Мун божуларев чиясул цІар кин рехсолеб? Дуда рагІичІев чиясда кин божилев? Лъицаниги дуда лъазабулеб гьечІони, кин дуда гьеб рагІилеб?</verse>
				<verse number="15">ВачІун кин гьеб лъазабилеб, мун гьелъие витІарав чапар гьечІони? ТІухьдузда хъван буго: «Рохалил хабар босун вачІунев чиясул кІалдиб гьоцІо буго!»</verse>
				<verse number="16">Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» — ан.</verse>
				<verse number="17">ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони.</verse>
				<verse number="18">Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», — ян.</verse>
				<verse number="19">Цоги дица гьикъулеб буго гьеб харбил магІна Исраилил халкъалда бичІчІарабищилан. ТІоцебе Мусаца абулеб буго: «Халкъ бугин гьебилан рикІкІинегицин бегьулареб халкъалда нуж бахиллъизе тІамила дица. БичІчІи-лъайго гьечІеб халкъалда нужер ццин бахъинеги гьабила», — ян.</verse>
				<verse number="20">Гьелдаса хадуб Ишая аварагасги хІинкъичІого абулеб буго Аллагьасул рахъалъ: «Валагьулев вукІинчІезда ватана дун. Дун цІехолел рукІинчІезе дунго загьирги гьавуна», — ян.</verse>
				<verse number="21">Исраилил халкъалъул хІакъалъулъни Ишаяца гьадин абулеб буго: «МутІигІлъулареб ва чанкІкІараб халкъалдехун вуссун тІубараб къоялъ квералги цере ккун чІана дун».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Гьанже дица гьикъулеб буго: «Унго Аллагьас жиндирго халкъалдаса инкар гьабурабищ?» — абун. ГьабичІо! Дунги исраилилав вуго, — Ибрагьимил зурияталъул, Буняминил наслуялъул.</verse>
				<verse number="2">Цебеккун жиндаго лъалеб букІараб жиндирго халкъалдаса инкар гьабилищха Аллагьас! Исраилил халкъалда тІасан Иляс аварагас Аллагьасде гІарз бахъиялъул бицунеб бакІалда ТІухьдузда щиб хъван бугебали лъалищ нужеда? Илясица абулеб буго:</verse>
				<verse number="3">«Я БетІергьан, гьез дур аварагзаби чІвана, дуе къурбан хъвезе гьарурал бакІал щущазаруна. Гьанже цохІо хутІун вугев дунги гьез чІвазе валагьулев вуго!»</verse>
				<verse number="4">Аллагьас гьесие жаваб кинха кьураб? «Дица диего цІунун вуго БагІалие сужда гьабичІев анкьазарго чи».</verse>
				<verse number="5">Гьединго Аллагьасул баркаталдалъун тІаса рищаразул хутІараб бутІаялъул гІадамал гьанжеги руго.</verse>
				<verse number="6">Баркаталдалъун тІаса рищарал ругони, Къануналъул амруял тІуразаруралъухъ тІаса рищараллъун кколаро гьел. Гьедин букІинчІебани, баркаталда баркатилан абизе бегьилароан.</verse>
				<verse number="7">Щибха лъугьараб? Додинаб хІаракат-жигаргун тІалаб гьабулеб букІараб жо, Исраилил халкъалъеги щвечІого, тІаса рищараздасан хутІаразе щвана. Цогидал Аллагьас гІинкълъизаруна.</verse>
				<verse number="8">ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо».</verse>
				<verse number="9">Давудицаги абулеб буго: «Биччанте гьел тІад кваналеб сурпа гьезие жалго кколеб гьинлъунги къорлъунги лъугьине, риччанте гьел гІодор ккезе, биччанте гьезде къисас рещтІине, биччанте щибго бихьуларедухъ гьезул бералги бецлъизе,</verse>
				<verse number="10">биччанте гьезул мугъги кидаго къулухъе хутІизе».</verse>
				<verse number="11">Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» — абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе.</verse>
				<verse number="12">Гьел гІодор ккеялдалъун дуниял бечелъидал, гьезие ккараб заралалдалъун цогидал халкъазе пайдаги ккедал, кигІан кІудияб баркат букІинеб Исраилил тІолабго халкъ Аллагьасде буссараб мехалъ?</verse>
				<verse number="13">Гьанже дун, батІи-батІиял халкъазухъе витІарав чапар, гьединаллъун рукІараздехун хитІаб гьабун кІалъалев вуго. Дун дирго чапарлъиялдаса чІухІун вуго!</verse>
				<verse number="14">Дир хьул буго дирго халкъалъул цо-цо гІадамазул рекІелъ жахІда бижизабизе кІвезеги бегьулин ва гьезда гьоркьоса цо-цоял хвасарлъизеги бегьулин абун.</verse>
				<verse number="15">Аллагьас гьел рехун тей сабаблъун тІолабго гІалам жиндихъего ахІун батани, Аллагьас гьел цІидасан къабул гьари сабаблъун щибдай лъугьина? Хун рукІарал цІидасан чІаголъила!</verse>
				<verse number="16">Реччеялъул цо гороги босун, Аллагьасул цІар рехсани, гьебги жубан буцарабщинабги Аллагьасе гІололъун букІуна. ГъотІол кьибил хІалалаб бугони, гІаркьалабиги хІалалал рукІуна.</verse>
				<verse number="17">Зайтуналъул гъотІол цо-цо гІаркьалаби къотІун руго. Мун — гІалхул зайтуналъул гъветІ, гьел гІаркьалабазул бакІалда бацІцІараб буго. Ахикь бижараб гьеб зайтуналъул гъотІол кьалбаздасан регьелги цІцІулеб буго дуца.</verse>
				<verse number="18">КъотІун рехарал гІаркьалабазе чІухІи гьабуге дуца. Сундаса мун чІухІизе кколеб? Дуца гуро кьалбал ккун ругел, кьалбаз мун ккун буго!</verse>
				<verse number="19">«Гьеб гъотІода дун бацІцІиналъе гІоло къотІун рукІанин гьел гІаркьалаби», — ян абизейищ дуе бокьун бугеб?</verse>
				<verse number="20">ЛъикІни абуна дуца гьеб! Гьел гІаркьалаби къотІана гьезул божи-иман гьечІолъи сабаблъун. Гьезул бакІалде мун ккана дур божи-иман сабаблъун. ЧІухІдаричІого — Аллагьасукьа хІинкъа!</verse>
				<verse number="21">Жиндирго гъотІол гІаркьалабазда гурхІичІев Аллагь дуда гурхІилинищ ракІалде кколеб?</verse>
				<verse number="22">Бихьулищ, Аллагь жив гурхІулевги, жинца кьварараб тамихІ гьабулевги вуго! Къосаразе гьес кьварараб тамихІ гьабула. Дудаги гьев гурхІула гьесул цІобалде хьул лъун мун вугебгІан заманалда. Гурони — къотІун рехула мунги!</verse>
				<verse number="23">Божи-иманалде чанкІкІун дандечІей гьабичІого тани, жугьутІал цІидасан Аллагьас къабул гьарила. КъотІарал гІаркьалаби цІидасан гъотІода рацІцІинеги хІалкІола Аллагьасда.</verse>
				<verse number="24">ГІалхул зайтуналъул гъотІодасаги къотІун, ахикь бижараб зайтуналъул гъотІода, тІабигІияб низамги хвезабун, рацІцІарал гІаркьелаллъун нуж ругони, Аллагьасе дагьабги бигьалъула гъотІодаса къотІарал гьелъул жиндирго гІаркьалаби цІидасан гьелда рацІцІине.</verse>
				<verse number="25">Цо балъголъи нужедаса бахчун тезе бокьун гьечІо, вацал, дие. Гьеб балъголъи лъани, гІамал кІодолъун лъугьинаро нуж. Исраилил халкъалъул цо бутІа гьадин чанкІкІун кидаго гуро букІине бугеб, цогидал халкъаздасан рачІине кколезул киналго Аллагьасде руссинегІан хутІила гьел гьедин.</verse>
				<verse number="26">Гьебмехалда Исраилил тІолабго халкъги хвасарлъила. ТІухьдузда хъван буго: «Цион магІардасан вачІина нуж хвасар гьарулев чи, гьес Якъубил наслуялъул гІадамазул къосинги лъугІизабила.</verse>
				<verse number="27">Дица гьезие къотІи гьабила гьезул мунагьал чурилилан».</verse>
				<verse number="28">Нужеда гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе квекІен гьабулеб мехалда, Аллагьасул тушбаби руго гьел. Аллагьас жиндиего гІадамал тІаса рищиялъул рахъ босани, — Аллагьасе хириял чагІи руго гьел. Гьезул умумузулгун Аллагьас къотІи гьабун букІиндалха!</verse>
				<verse number="29">Жиндица рещтІинабураб баркат Аллагьас нахъе босуларо, жиндихъего ахІараздаса инкарги гьабуларо гьес.</verse>
				<verse number="30">Цере Аллагьасе мутІигІлъуларого рукІарал нужеда цІоб лъуна, — гьанже гьел мутІигІлъулел гьечІолъи сабаблъун.</verse>
				<verse number="31">Гьанже гьел мутІигІлъулареллъун лъугьана, — нужеда цІоб лъезе, хадуб гьездаги Аллагьасул цІоб лъезе.</verse>
				<verse number="32">Гьедин жиндие мутІигІлъунгутІиялъул асирлъуде ккезаруна Аллагьас киналго гІадамал, ахирги гьел киназдаго жиндирго цІоб лъезе.</verse>
				<verse number="33">Вай, Аллагьасул гІакъиллъиялъулги гІелмуялъулги кІкІалалъул гъварилъи! Гьесул хІукмуялда нахъгІунтІизе кІоларо! Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо!</verse>
				<verse number="34">БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Щив вукІарав Аллагьасул гІакълучилъун?</verse>
				<verse number="35">Нахъе бецІизелъун лъицаниги киданиги щибниги кьурабищ гьесие?</verse>
				<verse number="36">Кинабго гьесдасан бачІана, кинабго гьесдалъун буго, кинабго гьесде буссуна! Абадияб рецц гьесие! Амин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Аллагь разилъулеб къурбаналъе хъолеб кьегІер хІалалабги бацІцІадабги букІине ккола. Аллагьас цІоб лъедал, дица нужеда гьарулеб буго, диналъул вацал, нужер чурхдулги гьелда релълъун рукІунеб хІалалъ хьвадейилан. ХъвечІониги къурбанлъун ккола Аллагьасе гьабулеб бугеб нужер унго-унгояб хъулухъ.</verse>
				<verse number="2">Гьаб дуниялалъул халкъ хьвадулеб къагІидаялъ хьвадуге нуж. Биччанте Аллагьас нуж хисизаризе, биччанте нужер гІакълуги цІияб букІине. Гьелдалъун бичІчІила нужеца щиб гьабизе Аллагьасе бокьун бугебали, батІа бахъизе лъала Аллагь разилъулебги, лъикІабги, камилабги.</verse>
				<verse number="3">Чапарлъиялъул баркат насиблъарав чи вугелъул, нужер щивасда абулеб буго, кколелдаса цІикІкІун кІодо гьаруге нужго нужецаго. ЧІухІдаруге нуж. Аллагьас нужер щивасе кьураб божи-иманалъул роцада рекъон цІодорго гурони рехсоге нужерго цІар.</verse>
				<verse number="4">Масала, нилъер щивав чиясул буго гІемерал лугбуздасан цолъараб цо черх, щибаб лагаялъулги буго гьелъ гьабизе кколеб иш.</verse>
				<verse number="5">Гьедин нилъги, гІемерал ругониги, МасихІиде цолъун, цо черхлъун лъугьун руго, гьелъул щибаб лагаялъ цогидал лугбузе кумек гьабула.</verse>
				<verse number="6">Аллагьас нилъее кьураб батІи-батІияб баркатаб гьунаралда рекъон, щивасул буго жиндирго иш. Аллагьасул амруялъул бицине гьунар бугес гьеб гьабе, жиндир божи-иманалъ насиблъизабураб ресалда рекъон.</verse>
				<verse number="7">Диналъул вацазе кумек гьабизе гьунар бугес, гьезие кумек гьабе. Дин малъизе гьунар бугес гьеб малъе.</verse>
				<verse number="8">НасихІат гьабизе гьунар бугес гьебги гьабе. БетІерлъи гьабизе гьунар бугес, хІаракат бахъун, бетІерлъиги гьабе. Садакъа кьолес сахаватго кье гьеб. ЛъикІал ишал гьарулез ракІ разиго гьаре гьел.</verse>
				<verse number="9">РакІ-ракІалъго рокьа нуж цоцазе. Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъиялда рекІун чІа.</verse>
				<verse number="10">Цоцазе рокьун, мутІигІлъун, вацал гІадин рукІа. Дудасаго гьев кІодо гьавун, цогидасул адаб-хъатир гьабе.</verse>
				<verse number="11">Нужер жигарчилъи чучлъизе тоге, Аллагьасе хъулухъ гьабизе рухІанияб хІаракатги загІиплъизе биччаге.</verse>
				<verse number="12">Хьулалъ ракІ бохизабе. Балагь бачІаниги, къвакІун чІа. Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа.</verse>
				<verse number="13">Диналъул вацазул хІажат тІубан, нужер бугебги бикьун кье. Гьалбал хирияллъун рукІа.</verse>
				<verse number="14">Нужее гІазаб-гІакъуба кьолесдаги баркат лъегиян абе. НагІана кьечІого, баркат лъегиян абе!</verse>
				<verse number="15">Рохун ругезда цадахъ рохунги рукІа, гІодулел ругезда цадахъ нужги гІоде.</verse>
				<verse number="16">Цоцазда гьоркьор ракІ разияб ракълида рукІа. ЧІухІи гьабуге, гІадатиял гІадамазулгун гьудуллъи гьабичІого тоге. Нужго гІакъилал чагІийилан, гІамал кІодолъун лъугьунге.</verse>
				<verse number="17">Нужее гьабураб квешлъи бецІун квешлъиги гьабуге. Киназго лъикІабилан рикІкІунеб иш гьабизе хІаракатги бахъе.</verse>
				<verse number="18">Нужехъа бажарараб къагІидаялъ ракълида рукІа нуж киназдехунго.</verse>
				<verse number="19">РецІел босизейилан лъугьунге, дир хириял. Аллагьасул ццин бахъине биччанте гьединал гІадамазда. ТІухьдузда хъван буго: «РецІел Дихъ буго, Дица бецІула», — ян.</verse>
				<verse number="20">Гьелъул гІаксалда: «Дур тушман вакъун вугони, чед кьун кваназаве, гьев къечон вугони, лъим кьун гьекъезаве. Нечезавун гьесул бетІералда тІаде цІа рекІарал тІорччол гІеркъалин дуца ралел ругел».</verse>
				<verse number="21">Квешлъиялъ нужго къезаризе риччаге, лъикІлъиялъ къезабе квешлъи!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">ХІукуматалъе мутІигІлъе нуж киналго. Аллагьас тІад тараб гурони хІукумат букІунаро. Аллагьасул хІукмуялдалъунин хІукумат гІуцІун бугеб.</verse>
				<verse number="2">Гьединлъидал хІукуматалде дандечІолев чи ккола Аллагьас гІуцІаралда дандечІолев чи. Гьесие тамихІ гьабула.</verse>
				<verse number="3">ХІакимзабаздаса хІинкъи букІуна квешго хьвадаразе, — ритІухъго хьвадулезе букІунаро. ХІакимасдаса хІинкъи гьечІого вукІине бокьун бугищ? РитІухъго хьваде, гьес мун веццила.</verse>
				<verse number="4">Гьев хІакимги ккола дуе лъикІлъи гьабизе Аллагьас тІамурав лагъ. Амма дуца квешлъи гьабулеб бугони, гьесдаса хІинкъа мун, гІадада гурелъул гьес хвалчен борчун бугеб. Аллагьасул лагъ вуго гьев, квешлъи гьабуразе Аллагьасул хІукму тІубазабулев.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал мун хІакимзабазе мутІигІлъе, тамихІ гьабилилан хІинкъун гуревги, намус-яхІ цІунунги.</verse>
				<verse number="6">Нужеца налогалги кьолел руго, жидеда тІадаб ишги тІубазабун, гьел хІакимзабаз Аллагьасе хъулухъ бацІцІад гьабулелъул.</verse>
				<verse number="7">ХІасил, гьезие кьезе кколебщинаб кье нужеца: налог кьезе кколесе налог кье, магъало кьезе кколесе магъало кье, адаб гьабизе кколесул адаб гьабе, хІурмат гьабизе кколесул хІурмат гьабе.</verse>
				<verse number="8">Сундулъго цоцазе налъулаллъун рукІунге нуж, цоцазе рокьиялъул налъи буго нужеда тІад. Цогидав чи вокьулес тІуразарула Къануналъул тІолалго амруял.</verse>
				<verse number="9">Кинаб амру босун халгьабуниги — «ХъахІбалъи гьабуге», «Чи чІваге», «Бикъуге», «Чияр боцІуда бер бахиллъуге» — гьезул магІна цолъула: «Мунго гІадин вокьа дуда аскІов вугевги» абураб цо амруялъулъ.</verse>
				<verse number="10">АскІов вугесе квешлъи гьабуларо рокьиялъ. Гьединлъидал рокьи ккола Къануналъул амруял тІуразарилъун.</verse>
				<verse number="11">Гьаб заман кинаб бугебалиги бичІчІун хьваде! Макьидаса ригьине мех щвана нужее, доб нужеца иман лъураб заманалдасаги цІикІкІун гІагарлъун буго гьанже хвасарлъи!</verse>
				<verse number="12">Сордо рогьунеб буго, рогьел гІагарлъулеб буго. РачІа бецІал ишал рехун тезин, нуралъул ярагъ борчинин!</verse>
				<verse number="13">Бакъул канлъухъе гьабизе рекъараб гІумруялде рачІинин — гьекъелги мехтелги гьечІеб, хъахІбалъиги пасалъиги гьечІеб, дагІба-рагІиги жахІда-хІусудги гьечІеб — гІумру гьабизин.</verse>
				<verse number="14">Биччанте ТІадегІанав ГІиса МасихІ нилъее чадирлъун вукІине. Мунагьаб напсалъе бокьараб гьабилин ракІалдецин ккезе биччаге.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге.</verse>
				<verse number="2">Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро.</verse>
				<verse number="3">Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, — гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев.</verse>
				<verse number="4">Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе.</verse>
				<verse number="5">Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе.</verse>
				<verse number="6">Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло — гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул.</verse>
				<verse number="7">Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро.</verse>
				<verse number="8">Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги — ТІадегІанасул халкъ буго нилъ.</verse>
				<verse number="9">Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине.</verse>
				<verse number="10">Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб.</verse>
				<verse number="11">ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан».</verse>
				<verse number="12">Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб.</verse>
				<verse number="13">Гьединлъидал, рачІа нилъеца цоцазда гІайиб чІваларин. Бищунго лъикІаб букІина диналъул вац къосинавулеб яги гьев мунагьалъукье кколеб иш гьабичІого тани.</verse>
				<verse number="14">ТІадегІанав ГІисагун цолъарав чи вугелъул, дир тІубанго ракІчІола цониги нигІмат жибго жиндасанго хІарамлъулареблъиялда. Инсанас жинцаго хІарамаблъун рикІкІунеб нигІмат гьесие хІарамаблъун лъугьуна.</verse>
				<verse number="15">Амма дуе хІалалаб нигІмат сабаблъун дуца дурго диналъул вац къварид гьавулев вугони, гьесдехун рокьи гьечІолъи бихьула гьелдасан. Кваналеб нигІмат сабаблъун хвезавуге жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дурго диналъул вац.</verse>
				<verse number="16">Нужеца лъикІалилан рикІкІунел ишазул хІакъалъулъ квешаб хабар тІибитІизе биччаге.</verse>
				<verse number="17">Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги.</verse>
				<verse number="18">Гьедин МасихІие хъулухъ гьабулевщинав чиясдаса Аллагь разилъула, гІадамаз гьесул хІурматги гьабула.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе.</verse>
				<verse number="20">Кванил нигІмат сабаблъун Аллагьасе бокьухъе гІуцІараб иш гІадада хвезабуге. Кинабгоги нигІмат хІалалаб буго. Амма цо кинабалиго нигІмат кваналеб бугин гьесилан дуца инсан къосинавизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="21">Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ.</verse>
				<verse number="22">Гьелъул рахъалъ дурго пикру дуего те, дудаги Аллагьасдаги лъазе биччанте гьеб. Гьардарав гурищ, жиндирго пикруялда рекъон хьвадун, жиндаго гІайиб чІваларев чи.</verse>
				<verse number="23">Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, — жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Диналъулъ щулалъун ругел нилъеца, нилъеего пайдаялъе хІалтІичІого, загІипазе кумек гьабизе ккола, гьезие бакІлъараб гьир баччизе.</verse>
				<verse number="2">Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе.</verse>
				<verse number="3">МасихІиеги бокьулароан жиндиего пайда. ГІадада гуро ТІухьдузда хъван бугеб: «Мун хІакъир гьавуразул хІакъирал рагІабаз хІакъир гьавулев вуго дун».</verse>
				<verse number="4">ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе.</verse>
				<verse number="5">КъвакІиги сабруги нилъее кьолев Аллагьас тІубанго рагІи данде ккезабеги нужер, МасихІ ГІисада нахърилълъун,</verse>
				<verse number="6">нужеца киназго, цо кІалдисан кІалъарал гІадин, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен — Аллагьасе рецц гьабизе.</verse>
				<verse number="7">МасихІица нужее лъикІлъи гьабураб гІадин, нужецаги цоцазе лъикІлъи гьабе, Аллагьасе гьабулеб рецц гьелдалъун цІикІкІине.</verse>
				<verse number="8">ЖугьутІазе хъулухъалъе чІана МасихІ, Аллагьас жиндирго рагІи кколеблъиги ва гьезул умумузе гьабураб къотІи гьес хвезабулареблъиги гьезда бихьизабизе гІоло.</verse>
				<verse number="9">Гьединго жидеда цІоб лъуралъухъ цогидал халкъазги Аллагьасе рецц гьабизе гІологи. Гьелъул хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго: «Цогидал халкъазухъе ун, дица дуе рецц гьабила, дур цІар рехсон, туркабиги ахІила», — ян.</verse>
				<verse number="10">Цоги хъван буго: «Цогидал халкъал, нужги роха Аллагьасул халкъалда цадахъ!» — ан.</verse>
				<verse number="11">Цоги: «Ле, киналго халкъал, БетІергьанасе рецц гьабе! Биччанте киналго къавмаз гьесие рецц гьабизе!»</verse>
				<verse number="12">Ишая аварагасги абулеб буго: «Иешайил кьибилалдасан кІанцІараб цо чІор, гьесул наслуялъул чи вачІина халкъазего ханлъи гьабизе, гьесде букІина гьезул хьул», — ан</verse>
				<verse number="13">Нужее гьединаб хьул насиблъизабурав Аллагьасда нуж божулел ругелъул, гьес нужеде рохелги рекъелги рещтІинабеги. Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун нужер хьулги цІикІкІаги.</verse>
				<verse number="14">Дир тІубанго ракІчІун буго, вацал, нужелъ лъикІлъи цІикІкІун бугеблъиялда, кинабгоги нужедаго лъалеб букІиналда, цоцазе насихІат гьабизе гьунарги нужелъ букІиналда.</verse>
				<verse number="15">Амма гьедин букІаниги, щибго бахчичІого, гьаб кагъат хъвалеб буго, цо-цо жал нужеда ракІалде щвезаризе бокьидал. Аллагьас дида тІадкъан бугелъулха</verse>
				<verse number="16">цогидал халкъазда гьоркьов ГІиса МасихІие хъулухъ гьабулев чилъун вукІайилан. Аллагьасе хъулухъ гьабун ва Рохалил хабар тІибитІизабун Илагьияб РухІалъ бацІцІад гьабураб ва гьев разияб къурбан гІадин, цогидал халкъал Аллагьасухъе рачине тІадкъан буго дида.</verse>
				<verse number="17">Гьединлъидал, ГІиса МасихІиде цолъарав дун чІухІизе бегьула Аллагьасе гІоло дицаго гьарурал ишаздаса.</verse>
				<verse number="18">Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги,</verse>
				<verse number="19">гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="20">Дица кидаго хІаракат бахъулаан, МасихІил цІар жеги рехсолебцин рагІичІеб бакІалде ун, гьеб Рохалил хабар гьездаги лъазабизе. Цогидаз кьучІ тІамураб мина базе бокьун букІинчІо дие.</verse>
				<verse number="21">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьесул хІакъалъулъ жеги бицинчІезда вихьила, гьесул хІакъалъулъ рагІичІезда вичІчІила», — ян.</verse>
				<verse number="22">Гьеле гьединлъидалин, къватІиве вахъине чанцІулго къачІан вукІаниги, гьанжелъизегІан нужехъе вачІинчІого хутІарав.</verse>
				<verse number="23">Гьаб ракьалда гьанже дун хІалтІизе кколеб бакІ хутІун гьечІелъул ва гІемерал соназ нужехъ гІащикълъунги вугелъул,</verse>
				<verse number="24">дида ракІалда буго, Испаниялде унаго нужехъе вачІине. Гьениве унаго нухдасан нужехъе щвезе, ва дагьаб мехгІаги нужеда аскІоб бан, чІалгІен буссине бокьун буго. Цоги, дир хьул буго гьеб сапаралъ вахъине ккани дие хІажалъулеб жоялдалъун нужеца кумек гьабилиланги.</verse>
				<verse number="25">Гьанже дун Иерусалималде инехъин вуго, гьениб Аллагьасул халкъалъе хъулухъ гьабизе.</verse>
				<verse number="26">Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе.</verse>
				<verse number="27">Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ?</verse>
				<verse number="28">Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина.</verse>
				<verse number="29">Дун нужехъе вачІараб мехалда, дидалъун МасихІица нужее баркат гьарзалъизабилеблъи лъала дида.</verse>
				<verse number="30">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІие гІоло ва РухІалъ кьолеб рокьуе гІоло гьарулеб буго дица нужеда, дунги рехсон, нужецаги Аллагьасе тІадчІун гьари-дугІа гьабеян.</verse>
				<verse number="31">Нужеца гьаре Ягьудиялда ругел иман лъечІезул заралалдаса дун цІунеян ва дица доба гьабизехъин бугеб иш Иерусалималда бугеб Аллагьасул халкъалъ лъикІго къабул гьабегиян.</verse>
				<verse number="32">Аллагьас хъван батани, дун нужехъе вачІина. Гьелдаса цІакъ вохила, рекІее хІалхьи лъугьина.</verse>
				<verse number="33">Аллагьасул салам лъеги нужеда киназдаго. Амин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Дица, божилъи гьабун, нужехъе йитІулей йиго Кенхреялда бугеб иман лъуразул агьлуялъе хъулухъ гьабулей гІадан, нилъерго диналъул яц Феба.</verse>
				<verse number="2">ТІадегІанасе гІоло нужеца гьелда дандчІвай гьабе Аллагьасул халкъалда рекъолеб къагІидаялъ. Гьелъие къваригІараб-таралъул рахъалъ кумекги гьабе. ГІемерал гІадамазеги диеги кумек гьабурай гІадан йиго гьей.</verse>
				<verse number="3">Салам буго дида цадахъ МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулел ругел Прискилладеги Аквиладеги.</verse>
				<verse number="4">Дун сабаблъун хвел тІаде босизегицин разилъун хІалтІана гьел. Цо дица гуребги, цогидал халкъазда гьоркьоса ругел иман лъуразул тІолабго агьлуялъги баркала кьола гьезие.</verse>
				<verse number="5">Гьезул рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялдаги бице дир салам. Асиялда тІоцебе МасихІиде иман лъурав, дие хирияв Эпенетидеги буго дир салам.</verse>
				<verse number="6">ГІемерго цІакъ нужее пайдаялъе хІалтІарай Марямидеги салам.</verse>
				<verse number="7">Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде — Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел.</verse>
				<verse number="8">ТІадегІанас дун жиндехун вухьинавурав Амплиатидеги салам.</verse>
				<verse number="9">Дида цадахъ МасихІие хъулухъ гьабулев вугев Урбаниде ва дие хирияв Стахисиде салам.</verse>
				<verse number="10">МасихІида божиялъулъ хІалбихьарав Апеллесидеги салам. Аристобулил рукъалъул агьлуялдеги салам.</verse>
				<verse number="11">Дир халкъалъул чи Гьеродионидеги салам. Наркисил рукъалъул агьлуялда гьоркьоса иман лъураздеги салам.</verse>
				<verse number="12">ТІадегІанасе гІоло хІалтІарал Трифенадеги Трифосадеги салам. ТІадегІанасе гІоло цІикІкІун хІалтІарай, дие хирияй Персидадеги салам.</verse>
				<verse number="13">ТІадегІанас тІаса вищарав Руфусиде ва диеги эбеллъун лъугьарай гьесул эбелалде салам.</verse>
				<verse number="14">Асинкритиде, Флегониде, Гьермесиде, Патробасиде, Гьермасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел вацаздеги буго дир салам.</verse>
				<verse number="15">Филологиде ва Юлияде, Нерейиде ва гьесул яцалде, Олимпасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел Аллагьасул халкъалъул гІадамаздеги буго дир салам.</verse>
				<verse number="16">Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе. МасихІиде иман лъуразул киналго жамагІатазул рахъалдасанги буго нужеде салам.</verse>
				<verse number="17">Нужеда гьоркьоб рагІи дандеккунгутІи бижизабулел, нужее насиблъараб божи-иманалда дандечІолел ва нужеда малъарабщиналъе квекІенги гьабулел гІадамаздаса цІунеян гьарулеб буго, вацал, дица нужеда. Нуж гьездаса рикІкІад чІа.</verse>
				<verse number="18">Нилъер ТІадегІанав МасихІие гуребха гьез хъулухъ гьабулеб, жидерго квешал къасдазейин. Бадибе рецц гьабун ва бахьинго кІалъан гуккула гьез жагьилзаби.</verse>
				<verse number="19">Киназдаго лъала Рохалил хабаралъе нуж ритІухъал рукІин. Дунги гьелдаса вохун вуго. ЛъикІлъи гьабиялъулъ гІакъилзабилъунги, квешлъи гьабиялъулъ жагьилзабилъунги рукІине бокьун буго дие нуж.</verse>
				<verse number="20">Нужеде сах-саламалъи рещтІинабулев Аллагьас кватІичІого нужер хІатІикь тІамила илбис. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІоб лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="21">Нужеде салам буго дир кумекчи Тимофейил, дир халкъалъул гІадамаллъун ругел Лукийил, Ясонил ва Сосипатрил.</verse>
				<verse number="22">Гьаб кагъат жиндир квералъ хъварав Тертийилги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб салам.</verse>
				<verse number="23">[23-24] Жиндир рокъоре иман лъуразул агьлу данделъулев, гьобол хирияв дир хважаин Гайилги буго нужеде салам. Шагьаралъул хазина цІунулев чи Эрастилги буго салам. Нижер вац Квартилги буго салам.</verse>
				<verse number="24"></verse>
				<verse number="25">Нужер божи-иман щулалъизабулев Аллагьасе рецц. Гьеб божи-иманалъул хІакъалъулъин Рохалил хабаралъ бицунеб бугеб. Чанго гІасруялъ балъгояблъун букІарабги загьир гьабун, ГІиса МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго дицаги.</verse>
				<verse number="26">Аварагзабазул ТІухьдуздасан загьирлъана гьанже гьеб балъголъи. Абадияв-даимав Аллагьасе бокьана киналго халкъазда гьеб лъазе ва мутІигІлъун гьез иман лъезе.</verse>
				<verse number="27">ГІиса МасихІги рехсон, рецц гьабилин нилъеца гІелму-гІакълу камилав цо вугев Аллагьасе! Амин.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="46">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">ГІиса МасихІил тІаса вищарав чапарлъун вукІине Аллагьасе жив бокьарав Павелил ва диналъул вац Сосфенил рахъалдасан</verse>
				<verse number="2">Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде — ГІиса МасихІидалъун рацІцІалъаразде, жиндирго халкълъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразде, цинги киса-кибего нилъерги гьезулги ТІадегІанав ГІиса МасихІие тІагІат-гІибадат гьабулелщиназдеги.</verse>
				<verse number="3">Нилъер Эмен — Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги цІоб ва салам лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="4">МасихІ ГІисадалъун гьес нужеде баркат рещтІинабуралъухъ дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула.</verse>
				<verse number="5">Гьесдалъун Аллагьас нужер кинабго каламги бечелъизабуна, кинабго гІакъиллъиги цІикІкІинабуна,</verse>
				<verse number="6">МасихІил хІакъалъулъ нижер нугІлъиги ритІухъ гьабуна.</verse>
				<verse number="7">ГІиса МасихІ вачІинегІан ралагьун чІун ругел нужелъ камураб гьунар хутІун гьечІо гьанже.</verse>
				<verse number="8">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІараб къоялъ нуж рацІцІадго хутІизе гьесин ахиралде щвезегІан нужер ракІкъвакІизабилеб.</verse>
				<verse number="9">Жиндирго Васгун — нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун — цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго.</verse>
				<verse number="10">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар бахъун гьарула, вацал, дица нужеда, нуж киналго цоцалъ рекъа-решон рукІайилан. Рикьи ккезе биччаге — нужер пикруги гІакълуги цойиде буссинабе!</verse>
				<verse number="11">Хлоял рукъалъул агьлуялдасан дида рагІун бугелъулха, вацал, нужеда гьоркьоб рикьи ккун бугилан.</verse>
				<verse number="12">«Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» — щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца.</verse>
				<verse number="13">МасихІ викь-викьунищха вугев?! Павелищха нужее гІоло хъанчида ван хвезавурав? Павелиде иман лъезейищха нуж лъадалъ ччун рахъарал?</verse>
				<verse number="14">Аллагьасе рецц буго, Криспги Гайги хутІизегІан, нужер цогидал дица лъадалъ ччун рахъичІелъул.</verse>
				<verse number="15">Диде иман лъезелъун дица лъадалъ ччун рахъанилан лъицаниги абиларо.</verse>
				<verse number="16">(Стефанасги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана дица, цоги щал лъадалъ ччун рахъаралали ракІалда гьечІо.)</verse>
				<verse number="17">ГІадамал лъадалъ ччун рахъизе витІичІо дун МасихІица. Рохалил хабар бицине витІана. ГІакъилал ва пасихІал рагІабаздалъун бицунеб гьечІо дица гьеб Рохалил хабар, — МасихІ хъанчида ван хвей гІадада ккелаан гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="18">Хвалде унезни чІобогояб чІандалъун рикІкІуна хъанчида ван хварасул хІакъалъулъ хабар. Нилъее — хвасарлъулезе — гьеб буго Аллагьасул къудрат.</verse>
				<verse number="19">ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІакъилазул гІакъиллъиги къинабилеб Дица, ЦІодоразул цІодорлъиги яризабилеб Дица».</verse>
				<verse number="20">Кив вугев дов гІакъил? Кив вугев дов гІалим? Кив вугев гьаб гІасруялъул дагІбачи-къацандухъан? Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи гІантаб жо букІин загьир гьабичІищ Аллагьас?</verse>
				<verse number="21">Аллагьас жиндирго гІакъиллъиялдалъун гІаламалъе хІукму къотІана, дуниялалъул гІакъиллъиялдалъун гІаламалда Жив лъазе виччаларилан. Гьесие бокьана иман лъурал гІадамал Рохалил хабаралъул «гІантлъиялдалъун» хвасар гьаризе.</verse>
				<verse number="22">ЖугьутІаз мугІжизат-гІаламат тІалаб гьабулеб буго, греказги гІакъиллъи-гІалимлъи балагьулеб буго.</verse>
				<verse number="23">Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго!</verse>
				<verse number="24">Аллагьас тІаса рищаразе — жугьутІазеги греказеги — гьеб буго МасихІидалъун загьирлъараб Аллагьасул къудратги Аллагьасул гІакъиллъиги!</verse>
				<verse number="25">Аллагьасдасан бугеб «гІантлъиги» гІадамазулалдаса гІакъилабин, Аллагьасдасан бугеб «загІиплъиги» гІадамазулалдаса къуватабин!</verse>
				<verse number="26">Аллагьас нуж жиндихъего ахІараб мехалъ нужго рукІараб куц ракІалде щвезабе. ГІакъилалин рикІкІунел гІадамал гІемерищ нужеда гъорлъ рукІарал? ГІемерищ рукІарал къадру-къимат бугелги къо-асс бугелги?</verse>
				<verse number="27">ГІакъилал инжитго къезаризейин Аллагьас гІаламалда гІантабилан кколеб жо тІаса бищараб. Къуватал инжитго къезаризейин гьес гІаламалда загІипабилан кколеб жо тІаса бищараб.</verse>
				<verse number="28">Къадру гьечІебги ярагьунаребги, ай гьезего гьечІилан рикІкІунебаб тІаса бищана Аллагьас, гьаб гІаламалъ гІадахъ босун бугеб жо гьезего гьечІеблъун лъугьинабизе.</verse>
				<verse number="29">Гьединлъидал Аллагьасда цеве веццаруге щивниги.</verse>
				<verse number="30">Аллагьасин нуж нилъее гІакъиллъилъун лъугьарав МасихІ ГІисагун цолъизарурал. МасихІица нилъ ритІухълъизаруна, рацІцІалъизаруна, тархъанлъизаруна.</verse>
				<verse number="31">Гьединлъидал, ТІухьдузда хъван бугеб куцалъ: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!»</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Доб мехалда дун нужехъе вачІиндал, Аллагьасул хІакъалъулъ Хабар лъазабулаго, дилъ букІинчІо кІалзул пасихІлъиги кІудияб гІакъиллъиги.</verse>
				<verse number="2">Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан.</verse>
				<verse number="3">Дун нужеда аскІов вукІана загІипгоги ва хІинкъун сородулевги.</verse>
				<verse number="4">Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар — гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, —</verse>
				<verse number="5">нужелъ гьеб божи-иман, инсанасул гІакъиллъиялдалъун гуреб, Аллагьасул къудраталдалъун лъугьине.</verse>
				<verse number="6">Саламатал гІадамазени гІакъилаблъун букІуна нижеца бицараб хабар. Амма гьеб хабар гьаб дуниялалъулаб гІакъиллъи гуро, гьаб дуниялалъул кверщелчагІазул (кверщел жидехъа унезул) гІакъиллъиги гуро.</verse>
				<verse number="7">Нижеца бицунеб буго Аллагьасулаб балъгояб гІакъиллъиялъул. Аллагьас бахчун тараб гьеб гІакъиллъи нилъер цІар-реццалъейин дуниял бижилелдего къачІан букІараб.</verse>
				<verse number="8">Гьаб дуниялалъул цониги кверщелчиясда бичІчІичІо гьеб. БичІчІун букІарабани, цІар-реццалъул бетІергьан хъанчида валароан гьез.</verse>
				<verse number="9">ТІухьдуздаги хъван бугелъулха: «Лъилниги бералда бихьичІебги, лъилниги гІиналда рагІичІебги, лъилниги гІакълу нахъгІунтІичІебги къачІан буго Аллагьас жив вокьулезе».</verse>
				<verse number="10">Нилъеени Аллагьас жиндирго РухІалдалъун загьир гьабуна гьеб. РухІ сундулъего лъугьуна — Аллагьас цІакъго бахчун таралда гъорлъегицин лъугьуна.</verse>
				<verse number="11">Гьесулъ жиндилъго бугеб рухІалда гурони, цоги чиясда лъалебищ инсанасул рекІелъ ругел пикраби? Гьедин Аллагьасул пикрабиги, гьесул РухІалда гурони, лъалищха.</verse>
				<verse number="12">Нилъее щвараб РухІ дуниялалъулаб гуро, Аллагьас нилъее кьурал нигІматал нилъеда ричІчІизе гьесдасан бачІараб буго.</verse>
				<verse number="13">Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб.</verse>
				<verse number="14">Жиндилъе РухІ рещтІинчІев инсанас къабул гьабуларо Илагьияб РухІалдасан бугебаб. Гьесие гьеб гІантаб жолъун кколелъулха. Гьесда гьеб бичІчІизего бичІчІуларо, РухІалдалъун гурони бичІчІизе рес гьечІелъул.</verse>
				<verse number="15">Илагьияб РухІалъ цІурав чиясда кІола бокьараб жоялъул хІакъикъат лъазе, амма лъиданиги кІоларо Илагьияб РухІалъ цІурав чиясул хІакъикъат лъазе.</verse>
				<verse number="16">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Гьесие гІакълу кьезе лъида кІолеб?» Нилъелъин абуни МасихІил гІакъиллъи буго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Амма нужедехунни, вацал, дун Илагьияб РухІалъ цІурал гІадамаздехун гІадин кІалъачІо, кІалъана напсалъ малъараб гьабулездехун гІадин ва МасихІиде цолъараб гІумру лъималазда кинигин гурони бичІчІуларездехун гІадин.</verse>
				<verse number="2">Кваназе квен гуро дица нужее кьураб, гьекъезе рахь кьуна. Кваназе гІун рукІинчІо нуж добмехалъ, — гьанжегицин гІун гьечІо нуж!</verse>
				<verse number="3">ГьанжелъагІанги напсалъ малъараб гьабулеб бугелъулха нужеца. Нужеда гьоркьоб жахІда-хІусудги дагІба-рагІиги бугеб мехалъ, напсалъе мутІигІлъи гурищ гьеб кколеб, гьаб дуниялалъул гІадамал гІадин хьвадулел рукІинги гурищ кколеб?</verse>
				<verse number="4">Цояс «дун Павелил рахъ ккурав вугилан», цогидасги «дун Аполлосил рахъ ккурав вугилан» абулеб бугони, гьаб дуниялалъул гІадамаллъун ккеларищ нуж?</verse>
				<verse number="5">Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас.</verse>
				<verse number="6">Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна.</verse>
				<verse number="7">Мугь чІолевги — рикІкІунаро, лъалъалевги — рикІкІунаро. Бижизабулев — Аллагь вуго!</verse>
				<verse number="8">Мугь чІолесдаги лъалъалесдаги гьоркьоб батІалъи гьечІо. Жидеца гьабуралда рекъараб мухь щвела гьезул щивасе.</verse>
				<verse number="9">Ниж кІиялго руго Аллагьасул хІалтІухъаби, нуж руго Аллагьасул хур, Аллагьасул мина.</verse>
				<verse number="10">Аллагьас дие кьураб баркатаб гьунаралда рекъон, махщел бугев устарас гІадин, дица кьучІ лъуна. Цогидаз гьелда тІад мина балеб буго. Щивас хал гьабизе биччанте кин жинца балеб бугебали.</verse>
				<verse number="11">Цебего лъун бугелдаса батІияб кьучІ лъезе лъиданиги кІоларо. ЦохІо бугеб гьеб кьучІги ГІиса МасихІ ккола.</verse>
				<verse number="12">Амма гьеб кьучІалда тІад мина меседил, гІарцул, жавгьар-якъуталъул, яги цІулал, бакъвараб харил, муцІидул баниги,</verse>
				<verse number="13">щивас гьабураб хІалтІи къиямасеб къоялъ бихьила. Гьеб къоялъ цІаялъ хІалбихьулелъулха щивас кинаб хІалтІи гьабун бугебали.</verse>
				<verse number="14">Гьеб кьучІалда тІад бараб минаялда доб цІа хІехьезе кІвани, устарасе кири щвела.</verse>
				<verse number="15">ЦІаялъ гьеб бухІани, зарал ккела. Хвасарлъизени гьев хвасарлъила, амма цІадулъа вахъарав чи гІадин вукІина.</verse>
				<verse number="16">Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги?</verse>
				<verse number="17">Аллагьасул мукъадасаб рукъ щущазабурав чи Аллагьасги тІагІинавила. Нуж ккола Аллагьасул гьеб мукъадасаб рукълъун.</verse>
				<verse number="18">Лъицаниги живго гуккуге абе! Нужеда гьоркьоса лъиданиги ракІалде кколеб батани гьаб дуниялалда жив гІакъилав вугилан, хІакълъунго гІакъилав вукІине бокьани, гьев гІантлъеян абе.</verse>
				<verse number="19">Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи Аллагьасда цебе гІантлъилъун кколелъулха. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гІакъилзаби жидерго сихІирлъиялъул гьиналъ ккола».</verse>
				<verse number="20">Цоги бакІалда хъван буго: «БетІергьанасда лъала гІакъилазул пикрабаз пайда гьабулареблъи».</verse>
				<verse number="21">Гьединлъидал, гІадамазул рахъги ккун, живго веццизе лъугьунге щивниги. Кинабго нужерлъидалха:</verse>
				<verse number="22">Павелги, Аполлосги, Кефаги, дуниялги, гІумруги, хвелги, гьанжесебги, букІинесебги — кинабго нужер буго.</verse>
				<verse number="23">Нуж МасихІил руго, МасихІги Аллагьасул вуго!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">МасихІие хъулухъалъе чІарал чагІилъун рикІкІине ккола нужеца ниж. Нижее амру гьабун бугелъулха Аллагьасул балъголъи гІадамазе загьирлъизабеян.</verse>
				<verse number="2">Хъулухъалъе чІарав чи цохІо жиндирго бетІергьанасе ритІухъав вукІине ккола.</verse>
				<verse number="3">Дирго хІакъалъулъ абуни, дие махІги ургъел гьечІо нужеца яги гІадамазул кинаб букІаниги судалъ дие хІукму къотІиялъул. Дицагоги къотІуларо диего хІукму.</verse>
				<verse number="4">Дида гІайиб гьечІеблъи лъала дида. Амма гьелдалъун гуро дун ритІухълъулев. ТІадегІанасин дие хІукму къотІизе бугеб.</verse>
				<verse number="5">ТІадегІанав вачІинегІан лъицаниги лъиениги хІукму къотІуге. Гьес канлъуде босила бецІлъукь бугебщинаб, рекІелъ ругел къасдалгицин тІатинарила. Гьеле гьебмехалда Аллагьасдасан щивав чиясе щвела жиндирго кири.</verse>
				<verse number="6">Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе.</verse>
				<verse number="7">ХІакъикъаталдаги сундалъун нуж цогидаздаса тІокІал ругел? Аллагьасдасан щвараб гуреб жо щиб нужелъ бугеб? Нужее гьеб нигІматлъун кьунги бугеб мехалъ, цебего нужехъ гьеб букІараб гІадин, гІамал кІодолъун щай нуж лъугьунел?</verse>
				<verse number="8">Гьайгьай, гьанже нуж гІорцІун руго! Гьанже нуж бечелъун руго! Ниж гьечІониги, гьанже парччахІзабилъун лъугьун руго нуж. Дие бокьилаан унго-унголъунги нуж парччахІзабилъун лъугьунелани, нужеда цадахъ нижецаги парччахІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="9">Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж — чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе — малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун.</verse>
				<verse number="10">МасихІие гІоло ниж гІабдалзабилъун рикІкІунел руго, МасихІиде цолъарал нуж гІакъилзаби руго. Ниж загІипал руго, нуж къуватал руго. Нужер хІурмат гьабула, ниж хІакъир гьарула.</verse>
				<verse number="11">Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо.</verse>
				<verse number="12">ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула — нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола — нижеца хІехьола.</verse>
				<verse number="13">Нижедасан мацІ гьабула — нижеца лъикІаб бицуна. Ниж гьаб дуниялалъе хІур-кІучлъун хутІун руго, гьаб гІаламалъеги чІахІ-къуллъун хутІун руго.</verse>
				<verse number="14">Нуж инжит гьаризе гуро, вацал, дица гьаб кинабго хъвалеб бугеб. Дирго хириял лъималазе гІадин, гІакълу кьолеб буго дица нужее.</verse>
				<verse number="15">МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда.</verse>
				<verse number="17">МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда.</verse>
				<verse number="18">Нужеда гьоркьор руго нич гьечІел гІадамалги. Гьезда ракІалде кколеб батила дун тІокІав гьениве вачІинарилан.</verse>
				<verse number="19">Амма, ТІадегІанасе бокьани, кватІичІого нужехъе вачІина дун. Гьел нич гьечІезул хабар-гаргар букІин гуреб, къуват-гучги бугищали лъала дида гьебмехалда.</verse>
				<verse number="20">Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин.</verse>
				<verse number="21">Щиб нужее бокьилеб? Дун цІалги босун вачІинейищ, яги нужеде бугеб рокьиялъул цІураб хІеренаб рагІигун вачІинейищ?</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Цинги, дида бицана нужер гьениб мажусиязулгицин гьечІебгІадаб инжитаб иш лъугьун бугилан — цо чи жиндирго бесдал эбелалда аскІов вегулев вугилан.</verse>
				<verse number="2">Гьелдаса пашманлъизе кколеб бакІалда нужер чІухІиго щиб! Гьединаб инжитлъи жиндасан лъугьарав чи нужерго агьлуялда гьоркьоса вачахъизе кколаан нужеца.</verse>
				<verse number="3">[3-4] Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана</verse>
				<verse number="4"></verse>
				<verse number="5">гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе — биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула.</verse>
				<verse number="6">Нужер гьеб гІамал кІодолъи лъикІаб хасият гуро. Нужеда рагІанищ гьадинаб кици: «ГьитІинаб реччеялъги гІемераб ханжу беччизабула»?</verse>
				<verse number="7">Мунагьалъул басрияб речче тІубанго нахъе рехе. Гьебмехалъ речче гъорлъ гьечІого бежараб чедлъун лъугьина нуж. Гьединаб чедин нуж кколел! Нилъер пасхаялъул кьегІер — МасихІ — цевего къурбанлъун лъугьиндалха!</verse>
				<verse number="8">РачІа гьанже нилъеца пасхаялъул байрамалде хІадурлъи гьабилин басрияб речче (ай мунагьги квешлъиги) цадахъ гьечІого. РеччичІел чадал (ай бацІцІадабщинабги хІакъабщинабги) цадахъ, росун хІадурлъизин гьелде.</verse>
				<verse number="9">Дица нужехъе битІараб кагътида хъван букІана пасатал чагІазулгун гьоркьоблъи гьабугейилан.</verse>
				<verse number="10">Пасатал, хъантІарал, макруял гІадамазул ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел мажусиязул гуребха дица бицунеб букІараб. Гьездаса ратІалъизени, дуниял тун ине ккелаан ниж.</verse>
				<verse number="11">Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан.</verse>
				<verse number="12">[12-13] Нилъер гуреб агьлуялъе суд гьабунги щайха дие? Аллагьас гьабила гьезие суд. Нужерго агьлуялъул чиясе суд гьабизе кколаребищ нужеца? ТІухьдузда хъван бугелъул: «Квешав чи нужер агьлуялда гьоркьоса нахъе вачахъе», — ян.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Жиндирго диналъул вацасдехун нужеда гьоркьоса пуланав чиясул дагІба-рагІи бугони, Аллагьасул халкъги рехун тун, иман гьечІезухъе суд гьабизе ине бегьилищ гьев?</verse>
				<verse number="2">Нужеда лъаларебищ гьаб гІаламалъе суд Аллагьасул халкъалъ къотІизе букІин? ГІаламалъего суд гьабизе бугел нужеда кІоларебищ гІиси-бикъинаб дагІба-рагІи къинабизе?</verse>
				<verse number="3">Нужеда лъай: малаикзабазегицин суд гьабизейин нилъеца бугеб. Гьаб дуниялалъул ишал тІуразе кигІанха нужее бигьалъизе кколеб!</verse>
				<verse number="4">Гьединаб дагІба-рагІи нужеда гьоркьоб ккараб мехалъ, щай нужеца гьеб нужерго агьлуялда гьоркьоб къимат гьечІел гІадамазде гІарз бахъулеб?</verse>
				<verse number="5">Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо.</verse>
				<verse number="6">Бихьулищ — вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги — иман лъечІез хІукму къотІизе.</verse>
				<verse number="7">Нужеда гьоркьоса гІадамал судалде ине ккеялъгицин нугІлъи гьабула нуж къеялъе. Нужее гьабураб зарал-зиянги баччун рукІинго лъикІ гурищ? Нужехъа боцІи-рикъзи бахъиги хІехьон рукІинго лъикІ гурищ?</verse>
				<verse number="8">Нужецайин абуни цоцазе зарал-зиян гьабулеб буго, цоцахъа боцІи-рикъзи бахъулеб буго. Лъие гьеб гьабулеб бугеб? Нужерго вацазе!</verse>
				<verse number="9">Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе,</verse>
				<verse number="10">хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе — гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо.</verse>
				<verse number="11">Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго!</verse>
				<verse number="12">«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» — ян абула цо-цояз. Бокьарабщинаб гьабиялъул гуребха пайда букІунеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» Амма дун сундулниги лагълъун лъугьине бегьуларо.</verse>
				<verse number="13">Цогидаз абула: «Квен — чохьое, чехь — квание!» — ян. Аллагьас гьеб кІиябгоги пасалъизабула. Гьаваялда нахъбилълъине гуро черх бижун бугеб, ТІадегІанасе тІагІаталъейин. ТІадегІанас тІалаб гьабила гьелъул.</verse>
				<verse number="14">ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавуна Аллагьас, жиндирго къудраталдалъун нужги хваралъуса рахъинарила гьес.</verse>
				<verse number="15">Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо!</verse>
				<verse number="16">Нужеда лъаларебищ хъахІбаялда аскІов вегарасул черх гьелъул черхгун цолъулеблъи? ТІухьдузда хъван бугелъул: «гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина».</verse>
				<verse number="17">ТІадегІанасде цолъарасул рухІ гьесул РухІгун цолъула.</verse>
				<verse number="18">ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун.</verse>
				<verse number="19">[19-20] Аллагьасдасан нужее щвараб Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукълъун нужер черх букІин лъаларебищ нужеда? ЦІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, нужго бетІергьанал чагІи гуро нуж. Аллагь кІодо гьавизе пайда босе нужерго чурхдуздаса!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Гьанже дица бицина нужеца дихъе кагътида хъван букІаралъул хІакъалъулъ. ЧІужугІаданалда аскІове къачІого вукІинго лъикІ бихьинчиясе.</verse>
				<verse number="2">Амма пасалъи цІикІкІун бугелъул, щивав бихьинчиясул жиндирго лъади йикІун лъикІ, щияй чІужугІаданалъулги жиндирго рос вукІун лъикІ.</verse>
				<verse number="3">Росас лъади бусада жиндасаго рикІкІалъизайизе бегьуларо, лъадиялъ росги бегьуларо.</verse>
				<verse number="4">Жиндирго черхалъул кверщел лъадиялъухъ гуро бугеб, росасухъ буго. Гьединго жиндирго черхалъул кверщел росасухъ гуро бугеб, лъадиялъухъ буго.</verse>
				<verse number="5">КІиялго разилъун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе цодагьабго заманаялъ гурони, цоцаздаса ратІалъуге. Цинги нахъеги цадахъ рукІа. Гьедин хьвадани, илбисалда кІвеларо, чорхол гьава къинабизе кІолеб гьечІолъи бихьун, нуж къосинаризе.</verse>
				<verse number="6">Гьаниб дица нужее амру гьабулеб гьечІо гьедин гурони бегьуларилан. Нужее бигьалъи гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="7">Гьайгьай, дие бокьилаан киналго гІадамал дун гІадин чІолелани. Амма Аллагьас щивасе гьунар кьун буго: цоясе гьадинаб, цогидасе додинаб.</verse>
				<verse number="8">Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан.</verse>
				<verse number="9">Къороллъи хІехьезе кІолеб гьечІони, ригьин гьабизе ккела. Ригьнаде руссинго лъикІ, хІасраталъ рухІизегІан.</verse>
				<verse number="10">Ригьнада ругезени, дица гуреб, ТІадегІанас гьабулеб буго амру: лъади росасдаса ятІалъизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="11">Нагагь ятІалъани, ялгъузго йикІине ккела яги росгун рекъезе ккела. Росасги лъади йиччан тезе бегьуларо.</verse>
				<verse number="12">Цогидаздани, ТІадегІанас гуреб, дица абулеб буго: диналъул вацасул лъади иман лъечІей йигони, амма росасда цадахъ чІезе къабуллъулейги йигони, къватІие йитІуге гьей.</verse>
				<verse number="13">ЧІужугІаданалъул рос иман лъечІев вугони, гьелда цадахъ чІезеги разилъулев вугони, ятІалъуге гьесдаса.</verse>
				<verse number="14">Иман лъечІев росасдаса Аллагь разилъула гьесул иман лъурай лъади сабаблъун. Иман лъечІей лъадиялдасаги Аллагь разилъула гьелъул иман лъурав рос сабаблъун. Гьедин букІунаребани, гьезул лъималги мажусиязулго гІадинал рукІинаан. Гьедин бугелъул, гьел лъималаздасаги Аллагь разилъула.</verse>
				<verse number="15">Иман лъечІев росасе яги лъадуе ратІалъизе бокьани, риччанте ратІалъизе. Гьедин кколеб бугони, диналъул вацасда яги яцалда тІадаб гьечІо жидерго ригьин цІунизе. Аллагьасни рекъон рукІайилан абулеб буго.</verse>
				<verse number="16">Дуда щиб лъалеб, лъади, дурго рос хвасар гьавизе дуда кІоларевлъи? Дуда щиб лъалеб, рос, дурго лъади хвасар гьайизе дуда кІоларейлъи?</verse>
				<verse number="17">Амма нужер щивав вукІине виччанте ТІадегІанас гьесие бихьизабураб хІалалда, гьев хутІизе виччанте Аллагьас гьев жиндихъего ахІараб куцалда. Гьединабго амру гьабула дица кинабго иман лъуразул агьлуялъеги.</verse>
				<verse number="18">Сунат гьабурав вугони Аллагьас ахІун, гьеб балъго гьабизе ккеларо. Сунат гьабичІев ахІун вугони, сунат гьабизеги ккеларо гьес.</verse>
				<verse number="19">Сунат гьабиги — рикІкІунаро, сунат гьабичІолъиги — рикІкІунаро, Аллагьасул амруял тІуразари буго аслуги кьучІги!</verse>
				<verse number="20">Аллагьас кинавлъун инсан жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте гьев.</verse>
				<verse number="21">Гьес ахІараб мехалъ мун лагълъун вукІарав ватани, гьелъулги пикру гьабуге дуца. Амма тархъанлъизе рес бугони, гьелъие гІамал гьабе.</verse>
				<verse number="22">ТІадегІанас жиндихъего ахІарав лагъ ТІадегІанасда цеве эркенав чилъун ккола, эркенго вукІаго ахІаравги МасихІил лагъ ккола.</verse>
				<verse number="23">Аллагьас цІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, гІадамазул лагъзаллъун ккезе чІоге!</verse>
				<verse number="24">Кинавлъун гьес жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте, вацал, гьев Аллагьасда цеве!</verse>
				<verse number="25">Росасе инчІел ясазул рахъ цІехани, гьелъул рахъалъ ТІадегІанасдасан бачІараб амру гьечІо дихъ. Амма дица дирго пикру бицина, Аллагьасул баркаталдалъун дунги вугелъулха божизе бегьулев чи.</verse>
				<verse number="26">ЗахІматаб заман бугелъул, живго вугеб хІалалъ чІейго лъикІ чиясе.</verse>
				<verse number="27">Лъади ячун йигищ — йиччан тоге. Ячун гьечІищ — гьей ялагьизе лъугьунге.</verse>
				<verse number="28">Амма лъади ячинги мунагь гуро. ГІурай яс росасе инги мунагь гуро. Амма ригьнаде руссиндал, гьаб дуниялалъул къварилъи-захІмалъи рещтІина нужеде. Дие бокьилаан гьелдаса нуж цІунизе.</verse>
				<verse number="29">Дие бокьун буго, вацал, нужеда абизе, гьаб дуниялалъе заман дагьлъун бугилан. Лъудби рачаралги хьвадизе ккела лъудбиго гьечІел гІадин.</verse>
				<verse number="30">ГІодулел ругелги хьвадизе ккела гІодулелго гьечІел гІадин. Рохун ругелги хьвадизе ккела рохунго гьечІел гІадин. Босаралги хьвадизе ккела жидеца щибго босичІеб гІадин.</verse>
				<verse number="31">Дуниялалъул ишазде машгъуллъаралги хьвадизе ккела гьезде машгъуллъунго гьечІел гІадин. Гьаб дуниял тІагІун инехъин бугелъулха!</verse>
				<verse number="32">Дие бокьун буго нуж сундулго ургъел гьечІого рукІине. Лъади гьечІев чи ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида вукІуна, ТІадегІанав разилъи тІалаб гьабула гьес.</verse>
				<verse number="33">Лъади йигев чи дуниялалъул ургъалида вукІуна, лъади разилъи тІалаб гьабула гьес.</verse>
				<verse number="34">Гьедин кІийиде викьун вукІуна лъади ячарав чи. Росасе инчІей чІужугІадан яги гІолохъанай яс ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида йикІуна, гьесда цебе черхги ракІги бацІцІадго цІунизе. Рос вугей чІужугІадан дуниялалъул ургъалида йикІуна, рос разилъи тІалаб гьабула гьелъ.</verse>
				<verse number="35">Дица гьеб кинабго абулеб буго нужее лъикІлъиялъе. Щибниги жо нужее гьукъизе гуро дун кІалъалев вугев. Дие бокьун буго гьениб нужер ишазулъ гІадлу-тадбир букІине ва сундего машгъуллъичІого нужеца ТІадегІанасе хъулухъ гьабизе.</verse>
				<verse number="36">Лъицаниги рикІкІунеб бугони абурай яс ячинчІого тезе рекъараб гьечІилан, гьелдехун бугеб хІасратги къезабизе кІолеб гьечІони, биччанте гьес жиндирго рекІее бокьараб гьабизе. Гьей ячани гьев мунагьалъукье кколаро.</verse>
				<verse number="37">Амма гьей ячине сунцаниги тІамулев гьечІони, ячинчІого тезе кьури гьечІеб хІукмуги гьабун бугони, жиндирго хІасраталда квелъ базеги кІолеб бугони, — гьеб лъикІ ккела.</verse>
				<verse number="38">ХІасил: жиндирго абурай ячин лъикІ буго, амма ячинчІого тани, дагьабги лъикІ.</verse>
				<verse number="39">Лъади ригьнада хутІула гьелъул рос чІаго вугевгІан заманалда. Рос хвани, гьелъул ихтияр буго жиндиего бокьарав чиясе ине. Амма ГІисаде иман лъурав чи вукІине ккела гьев.</verse>
				<verse number="40">Къороллъудаго чІани, гьей жеги талихІай йикІина. Гьединаб буго дир пикру, Аллагьасул РухІ щварав чи вугилан ккола дун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру.</verse>
				<verse number="2">Жинда цо щибниги лъалилан ракІалде кколеб бугони, унго-унгояб лъай гьесие щун букІунаро.</verse>
				<verse number="3">Амма Аллагь вокьулев чи Аллагьасда лъала.</verse>
				<verse number="4">Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги.</verse>
				<verse number="5">Ракьалда рукІа, зобалазда рукІа гьел аллагьзабийилан абулел жал ругилан телин (гьел цІакъ гІемер руго — «аллагьзабийилан» абулелги, «бетІергьабийилан» абулелги).</verse>
				<verse number="6">Амма нилъер Эмен — Аллагь цохІо вуго, жинца кинабго бижарав ва жиндиего гІоло нилъ рижарав. Нилъер цо бетІергьан вуго — ГІиса МасихІ. Гьесдалъун бижун буго кинабго, гьесдалъун нилъги чІаголъана.</verse>
				<verse number="7">Киназдаго гуребха гьеб лъалеб. Цо-цоял гьел гьересиаллагьзабазде цІакъго ругьунлъун руго ва гьез гьанжегицин мажусиязухъа босараб гьан кваналеб буго, дозие къурбанлъун гьебги рикІкІун. Мунагь ккеладайилан щакдарулелги руго гьел, хІарамаб жоцин кваналеб бугодай жидецаян.</verse>
				<verse number="8">Амма кваница нилъ Аллагьасде гІагар гьаруларо. Гьеб кваначІогойилан камулеб жоги гьечІо нилъее, квананилан щолеб жоги гьечІо.</verse>
				<verse number="9">Бегьулебилан рикІкІунебги бегьуларебилан рикІкІунебги кваналеб букІин гьел иман загІипазе нухда хІетІе тункулеб гамачІлъун лъугьине гурин.</verse>
				<verse number="10">Мунагь ккеладайилан щакдарулев чиясда вихьани гьединаб лъай бугев мун мажусиязул мукъадасаб рокъов гІодовги чІун кваналев, духъ валагьун, гьесги кванала гьезул къурбаналъул гьан.</verse>
				<verse number="11">Гьедин гьеб дур «гІелму-лъай» сабаблъун — гьев иман загІипав чи — жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дур диналъул вац хвезеги бегьула.</verse>
				<verse number="12">Дурго вацазе заралаб мунагь гьабун, щакдарулеб гьезул ракІги лъукъун, МасихІиде дандечІун мунагь гьабулеб буго дуца.</verse>
				<verse number="13">Гьедин, дир вац къосиналъе сабаблъун квен лъугьунеб бугони, гьев къосинавизегІан, киданиги гьан кІалдибе босичІого чІела дун!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІил чапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ?</verse>
				<verse number="2">Цогидазе дун чапар ватичІониги, нужее дун чапарлъидалха! ТІадегІанасде цолъараб нужер гІумруялъ нугІлъи гьабула дун МасихІил чапар вукІиналъе.</verse>
				<verse number="3">Гьеле гьедин, дунго ритІухъ гьавун, жаваб кьола дица дир ишазул цІех-рех гьабизе бокьаразе.</verse>
				<verse number="4">Кваназеги гьекъезеги гІарац щвезе ихтияр гьечІебищ нижер?</verse>
				<verse number="5">Нижер ихтияр гьечІебищ, цогидал чапарзабаз гІадин, ТІадегІанав ГІисал вацаз яги Пётрица гІадин, нилъер диналъул яцаздасан лъади ячине ва гьейгун цадахъ сапаралде ине?</verse>
				<verse number="6">Яги гІицІго диеги Барнабаегийищ ихтияр гьечІеб бетІербахъиялъе хІалтІичІого чІезе?</verse>
				<verse number="7">Мухьдахъ ккурав рагъухъан жиндирго гІарацги харж гьабун вагъулевищ? Жиндирго цІибил квинчІого толебищ ахихъанас? Жиндирго рохьдолъа гІачиязул рахь гьекъечІого толебищ вехьас?</verse>
				<verse number="8">ГІадамазул гІадатияб гІумру-яшавалдасан гьединал мисалал рачине бегьи гуребги, гьелъулго хІакъалъулъ Къануналдаги буго.</verse>
				<verse number="9">Мусал Къануналда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге», — ян. Аллагьас оцазул тІалаб-агъаз тІаде босун абурал рагІабийищ гьел?</verse>
				<verse number="10">Гьес нилъер хІакъалъулъ гуребдай гьеб абун бугеб? Гьайгьай, нилъер хІакъалъулъ абун буго. Векьарухъанас бекьула ва лал тІамулес лалги тІамула хуриса бачІаралъул бутІа щвезе хьулалда.</verse>
				<verse number="11">Нужеда гьоркьоб Илагьияб РухІалъул хьон хьарал нижеца хьул-къасд гьабулеб бугони, гьелдасан бижаралъул бутІа бетІербахъиялъе щвелародайилан — цІикІкІараб мухьищха гьеб кколеб?</verse>
				<verse number="12">Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие. Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе.</verse>
				<verse number="13">Нужеда лъаларебищ Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабулел чагІаз гьенисан бетІербахъулеблъи? Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул тІалаб гьабулезеги гьеб къурбаналъул бутІа жидеего босизе ихтияр букІин лъаларебищ?</verse>
				<verse number="14">Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян.</verse>
				<verse number="15">Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила.</verse>
				<verse number="16">Рохалил хабар лъазабулеб бугилан чІухІдаризе бегьуларо дун. Дица тІубазабичІого гІолареб тІадкъай бугелъулха гьеб! Рохалил хабар халкъалда лъазабичІони, балагь рещтІаги диде!</verse>
				<verse number="17">Дунго лъикІав лъугьун гьеб гьабулеб букІарабани, гьелъухъ мухьги щвелаан дие. Дунго лъикІав лъугьун гуро, дида тІадкъан бугелъул гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="18">Щиб кириха дие щолеб бугеб? Дие щолеб кири ккола — дица щибго мухь гьечІого Рохалил хабар лъазабулеб букІин ва гьелдалъун дие бугеб ихтияралдаса пайда босулеб гьечІолъиги.</verse>
				<verse number="19">Дун эркенав чи вуго, лъилниги лагъ гуро, амма дун киназулго лагълъун лъугьана, кигІан кІваниги цІикІкІун гьел дихъ гІенеккизе бокьун.</verse>
				<verse number="20">ЖугьутІазда гьоркьов дун лъугьана жугьутІав гІадин, жугьутІал дихъ гІенеккизе бокьун. Къанун цІунулезда гьоркьов дун хьвадана гьеб Къанун цІунулев чи гІадин (Къануналъ дида тІад кверщел гьабулеб гьечІониги), Къанун цІунулелалги дихъ гІенеккизе бокьун.</verse>
				<verse number="21">Къанун лъаларезда гьоркьов дун чІана Къанун лъаларевлъун, (амма МасихІил кверщаликь вугев дида Аллагьасул къанун лъала), Къанун лъаларел чагІиги дихъ гІенеккизе бокьун.</verse>
				<verse number="22">ЗагІипазе дун загІипавлъун лъугьана, загІипалги дихъ гІенеккизе бокьун. Киназдаго гьоркьов дун гьезда релълъун лъугьана, щиб сабаб-гІамал батунги гьезул цо-цоялгІаги хвасар гьаризе бокьун.</verse>
				<verse number="23">Гьеб кинабго дица гьабулеб буго Рохалил хабаралъе гІоло, гьелъул баркаталъул бутІа насиблъизе бокьун.</verse>
				<verse number="24">Нужеда лъаларищ: къецазда киналго рекерухъаби рекерула, амма бергьенлъиялъул шапакъат цоясе гурони щоларо. Нужги рекере гьеб шапакъат щвезе бокьун.</verse>
				<verse number="25">Къецазул киналго гІахьалчагІаз гІемераб жоялдаса жалго махІрум гьарула, речІалел тІугьдузул гор щвезе бокьун. Нилъецани гьеб гьабула речІаларел тІугьдузул гор щвезе бокьун.</verse>
				<verse number="26">Гьедин дунги векерулев вугев ватани, мурадалде щвезе бокьун векерулев вуго. Зарул рагъулъ дунги гІахьаллъулев вугев ватани, зарал гьаваялде хьвагІизе гуро.</verse>
				<verse number="27">Кьабулеб-тункулебги хІехьон, квегъулеб буго дица черх, гьелда тІад кверщелги гьабулеб буго, цогидалги къецазде ахІун, дунго гъоркь хутІилевилан хІинкъун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Дие бокьун буго, вацал, нужеда ракІалде щвезабизе: Мисриялдаса нахъе унеб мехалда нилъер киналго умумул накІкІул рагІдукь ккун рукІана, киназго ралъадги бахана.</verse>
				<verse number="2">Киналго гьел Мусада нахърилълъун накІкІуцаги ралъдацаги чурана.</verse>
				<verse number="3">Гьез киназго кванана цого-цо илагьияб квен,</verse>
				<verse number="4">цого-цо илагьияб гьекъелги гьекъана гьез. Илагьияб кьурулъан чвахун бачІараб лъим гьекъана гьез. Гьеб кьуру гьезда цадахъ букІана. МасихІ ккола гьеб.</verse>
				<verse number="5">Амма гьезул гІемерисез Аллагь рази гьавичІо — гьезул жаназаби авлахъалда щущана.</verse>
				<verse number="6">Гьеб буго нилъее мисал — гьел гІадин нилъ квешлъиялда нахърилълъинчІого рукІине.</verse>
				<verse number="7">Гьезул цо-цояз гІадин аллагьалилан тарал жалазе лагълъи гьабуге нужеца. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «ГІодор чІун кваназе-гьекъезе лъугьана халкъ, цинги аллагьилан тараб жоялъул хІурматалда пасатабщинабги хъубабщинабги гьабизе лъугьана».</verse>
				<verse number="8">Гьезул цо-цояз гІадин хъахІбалъи гьабиларин нилъеца. Гьез хъахІбалъи гьабуна — ва цохІо къоялъ гьезул къоло лъабазарго чи хвана.</verse>
				<verse number="9">Гьезул цо-цоял гІадин, БетІергьанасул хІалбихьизе лъугьинарин нилъ. Гьел хвана борхьаз хІанчІун.</verse>
				<verse number="10">Гьезул цо-цоял гІадин, Аллагьасде дандечІун, гъулгъудизе бегьуларо нилъ. Гьеб сабаблъун хвалил малаикас хвезаруна гьел.</verse>
				<verse number="11">Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ.</verse>
				<verse number="12">Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин.</verse>
				<verse number="13">ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо — хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги.</verse>
				<verse number="14">Гьединлъидал, дир хириял, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабиялдаса рикІкІалъе.</verse>
				<verse number="15">ГІакъилал гІадамазда гІадин бицунеб буго дица нужеда. Нужецаго пикру гьабе дица бицаралъул.</verse>
				<verse number="16">ТІадегІанасул хІурматалда нилъ гІодор чІун сардилъ кванала ва, гьари-дугІа гьабун, щурминиса чагъирги гьекъола, — гьелъул магІна ккола МасихІица тІураб бидулъ нилъерги бутІа букІин. Кваналаго нилъеца чед бекиялъул магІна ккола МасихІил чорхолъги нилъер бутІа букІин.</verse>
				<verse number="17">Гьеб чед цо бугелъул, нилъ гІемер ругониги, цохІо черх лъугьуна. Нилъеца кинацаго цохІо чед цоцазе бикьун кваналелъулха!</verse>
				<verse number="18">Исраилил халкъалъухъ балагье: къурбаналъе хъураб жо кваналелщиназ жидерго бутІа лъолагури гьез гьабулеб тІагІаталъулъ.</verse>
				<verse number="19">Щиб абизе дие бокьун бугеб: гьересиаллагьзабазе гьабулеб къурбан магІнаяб жо бугиланищ? яги гьересиаллагь магІнаяб жо бугиланищ?</verse>
				<verse number="20">Гуро! Дие абизе бокьун буго: мажусиязул къурбан гьез Аллагьасе гуро гьабулеб, жундузе гьабула. Дие бокьун гьечІо нужеца жундузулгун гьоркьоблъи гьабизе.</verse>
				<verse number="21">Цин ТІадегІанасул щурминисан, цин жундузул щурминисан гьекъезе бажариларо нужехъа. Цин ТІадегІанасул столалдасан, цин жундузул столалдасан кваназеги бажариларо.</verse>
				<verse number="22">БетІергьанасул ццин бахъинейищ нужее бокьун бугеб? Гьесдаса къуваталищ нилъ ругел?</verse>
				<verse number="23">«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула», — ян абула цо-цояз. Амма бокьарабщиналъул гуро пайда бугеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула». Амма бокьарабщиналъ гуро кумек гьабулеб.</verse>
				<verse number="24">Биччанте щивав чи жиндиего пайдаялъе гуреб, гІагарда вугесе пайдаялъе хІалтІизе.</verse>
				<verse number="25">Нужеца базаралдаса гьан босе щибго цІехечІого ва хІинкъичІого кванай.</verse>
				<verse number="26">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Ракьги ракьалда бугебщинабги БетІергьанасулин».</verse>
				<verse number="27">Иман лъечІев чияс мун гьоболлъухъ ахІани, ине ракІалде ккани, дудаго цебе лъураб жо кванай щибго цІехечІого ва хІинкъичІого.</verse>
				<verse number="28">Мажусиязул къурбаналъул бугин гьеб квенилан дуда лъицаниги абуни, дуца гьеб кванаге, дуда гьеб абурав чи гІодове виччазавизе.</verse>
				<verse number="29">Гьеб кваназе мун хІинкъиялъул гуро дица бицунеб бугеб, гьев хІинкъун вукІиналъулин. Цо лъицаниги гьикъани: «Цогидасул хІинкъи сабаблъун диего бокьараб гьабичІого тезе щай дица кколеб?</verse>
				<verse number="30">Аллагьасе реццги гьабун дица гьеб квани, лъица дида гІайиб чІвалеб, Аллагьасе рецц гьабун дун квананилан?»</verse>
				<verse number="31">Щиб гьабулел ругониги — кваналел ругониги, гьекъолел ругониги, — Аллагьасе рецц гьабичІого тоге.</verse>
				<verse number="32">ЖугьутІалги, грекалги, Аллагьасде иман лъуразул агьлуги къосинариларедухъ хьваде нуж.</verse>
				<verse number="33">Диего пайдаялъе гуреб, гьел хвасарлъизе гІологи гІемеразе пайдаялъе гІологи хІалтІулев дун гІадин хьваде.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Дица МасихІидасан мисал босулеб бугеб гІадин, дидасан нужецаги мисал босе.</verse>
				<verse number="2">Дица нуж реццула, дун нужеда киданиги кІочон толев гьечІелъул, дие щваралда рекъон нужеда дица малъарабги рехун толеб гьечІелъул.</verse>
				<verse number="3">Амма дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: щивав чиясул бетІергьан МасихІ вуго, лъадиялъул бетІергьан рос вуго, МасихІил бетІергьан Аллагь вуго.</verse>
				<verse number="4">ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ бихьинчияс тІагъур бахъичІони, жиндирго бетІер инжит гьабула гьес.</verse>
				<verse number="5">ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ чІужугІаданалъ кІаз тІаса бахъани, жиндирго бетІер инжит гьабула гьелъ. БетІер кІкІварай гІадин йикІунелъулха гьей.</verse>
				<verse number="6">КІаз чІвазе бокьуларей чІужугІаданалъ бетІер къунцІизе ккела. КъунцІараб яги кІкІвараб бетІергун хьвадизе гьей намуслъулей йигони, биччанте гьелъ кІаз чІвазе.</verse>
				<verse number="7">Бихьинчияс тІагъур лъезе бегьуларо, Аллагьас кІодо гьавизе вижун вугелъул гьев. ЧІужугІаданги йижун йиго бихьинчи кІодо гьавизе.</verse>
				<verse number="8">ЧІужугІаданалдасан вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясдасан чІужугІадан йижидал.</verse>
				<verse number="9">ЧІужугІаданалъе гІоло вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясе гІоло чІужугІадан йижидал.</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидалин чІужугІаданалъ бетІералда кІаз чІвазе кколеб, гьей росасул ихтияралда йикІин малаикзабазда лъазе.</verse>
				<verse number="11">Амма ТІадегІанасде цолъараб мехалда лъадиги росасул ихтияралда йикІуна, росги лъадиялъул ихтияралда вукІуна.</verse>
				<verse number="12">ЧІужугІадан бихьинчиясдасан йижун йикІаниги, бихьинчи чІужугІаданалъ гьавуна. Кинабгоги Аллагьасдасан буго!</verse>
				<verse number="13">Нужецаго пикру гьабе, чІужугІаданалда рекъараб бугищ бетІерги гІицІго тун дугІа гьабизе?</verse>
				<verse number="14">Жибго тІабигІаталъги бихьизабулеб гьечІищ нужеда халатаб расалъ бихьинчи суризавулев вукІин?</verse>
				<verse number="15">Халатаб расалъ чІужугІадан берцинлъизаюлей гьечІищ? БетІералда чІвалеб кІаз гІадин буго гьелъие рас.</verse>
				<verse number="16">Гьелда дагІба базе бокьарав чиясда дица абила, нилъерги гьечІин гьединаб гІадат, иман лъуразул жамагІатазулги гьечІин.</verse>
				<verse number="17">Гьанже гьабизехъин бугеб насихІаталъулъни дица нуж рецциларо: нужер данделъиялъул зарал цІикІкІараб буго гьелъул пайдаялдаса.</verse>
				<verse number="18">Цо бугони, дида рагІана нужер агьлу данделъараб мехалда гьениб дагІба-рагІи кколилан. Гьеб тІубанго гьереси гьабизеги кІвеларо.</verse>
				<verse number="19">Жидедаса Аллагь разилъаралал ратІа рахъизе лъазелъун нужеда гьоркьоб рикьи ккезе кколелъулха.</verse>
				<verse number="20">Масала, гьенир данделъараб мехалда ТІадегІанасул хІурматалда гуро нуж кваналел.</verse>
				<verse number="21">Цоясдаса цояв цеве ккезе тІалаб гьабун кваналел-гьекъолел руго нуж — цояв вакъун хутІулев вуго, цогидав мехтулев вуго.</verse>
				<verse number="22">Кваназеги гьекъезеги нужер рукъ гьечІебищ? Аллагьасде иман лъуразул агьлу инжит гьабизеги мискин-пакъир къварид гьавизегийищ нуж данделъулел? Щибха дица абилеб? Нуж реццизейищ лъугьинев? Лъугьинаро!</verse>
				<verse number="23">ТІадегІанасдасан лъана дида гьаб кинабго нужеда малъулеб бугебщинаб. Досие хиянат гьабураб сордоялъ ТІадегІанав ГІисаца, цо чедги кодобе босун,</verse>
				<verse number="24">тІаде дугІаги гьабун, гьебги бек-бекун абуна: «Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин».</verse>
				<verse number="25">Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, гьес абуна: «Гьаб буго дир би — ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Гьеб щурминисан чагъир гьекъолеб мехалъ, дун ракІалде щва нужеда».</verse>
				<verse number="26">Гьединлъидал гьеб чед кваналебщинахъе ва гьеб щурминисан чагъир гьекъолебщинахъе нужеца, Дов вачІинегІан, гІадамазда лъазабулеб буго ТІадегІанасул хвалил хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="27">Гьедин, бегьулареб къагІидаялъ ТІадегІанасул чед кваналев ва гьесул щурминисан чагъир гьекъолев чияс мунагь гьабулеб буго — ТІадегІанасул черхги биги инжит гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="28">Цин инсан жиндирго рекІелъе ваккизе ккола, мустахІикъав вугищали лъазе. Цинги кваназе бегьула гьеб чед ва гьеб щурминисан чагъир гьекъезеги бегьула.</verse>
				<verse number="29">ТІадегІанасул черх бичІчІичІого кваналев ва гьекъолев чияс жиндаго тІаде тамихІ цІалеб буго.</verse>
				<verse number="30">Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел.</verse>
				<verse number="31">Цин нилъ нилъерго рекІелъе раккани, Аллагьасул тамихІ букІинаро нилъее.</verse>
				<verse number="32">Аллагьас нилъее тамихІги гІадлуги гьабулеб буго, — цогидаб гІаламалъе букІине бугеб жазаялдаса нилъ хвасарлъизе.</verse>
				<verse number="33">[33-34] Гьединлъидал, вацал, нужер данделъи Аллагьасул тамихІлъун лъугьинчІого букІине, кваназе киналго тІаде щвезегІан чІа. Вакъарав чи рокъовго кванан вачІа. Цогидал амруял дица нужее кьела дунго гьениве вачІараб мехалъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Илагьияб РухІалъ кьураб махщел-гьунаралъул рахъалъ абуни, дие бокьун гьечІо, вацал, нужеда гьеб мекъи бичІчІизе.</verse>
				<verse number="2">Нужеда ракІалда бугищ, мажусияллъун рукІараб заманалда аллагьзабийилан тарал, кІалъазе кІал гьечІел жалазе лагълъи гьабиялъ нуж батІи-батІияб къагІидаялъ къосинарураб куц?</verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: инсанасулъ Аллагьасул РухІ бугони, гьес абиларо ГІисае нагІана батагийилан. Жиндилъ Илагьияб РухІ гьечІони, лъицаниги абиларо ГІиса ТІадегІанав вугилан!</verse>
				<verse number="4">Махщел-гьунар батІи-батІияб букІуна. Амма гьеб кинабго цохІо Илагьияб РухІалъ кьола.</verse>
				<verse number="5">Хъулухъ гьабиялъулги руго батІи-батІиял къагІидаби. Амма гьел киналго цохІо ТІадегІанасе руго.</verse>
				<verse number="6">ХІалтІи-ишги батІи-батІияб буго. Гьеб кинабго гьабизе киналго тІамулев Аллагь цохІо вуго.</verse>
				<verse number="7">Щивав инсанасулъе РухІ хасаб къагІидаялъ рещтІуна киназего пайдаялъе.</verse>
				<verse number="8">Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел.</verse>
				<verse number="9">Гьебго РухІалъ цогидасулъе иман тІинкІула, цогидасе гьебго РухІалъ кьола унтарал сахлъизаризе гьунар;</verse>
				<verse number="10">цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе — иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе — РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе — батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари.</verse>
				<verse number="11">Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар.</verse>
				<verse number="12">Мисалалъе босилин инсанасул черх. Черх цо буго, лугби гІемер руго. КигІан гІемер ругониги гьел лугбуздасан лъугьун буго цохІо черх. Гьединав вуго МасихІги.</verse>
				<verse number="13">ЦохІо РухІалдалъун киналго нилъ чурун рацІцІалъана, цого черхлъун лъугьана — жугьутІалги, грекалги, лагъзалги, уздензабиги. Цого РухІалдасан гьекъезаруна киналго.</verse>
				<verse number="14">Цо лагаялдасан гуро черх лъугьун бугеб, гІемераздасанин.</verse>
				<verse number="15">Масала, бохалъ жиб квер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуниги, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб.</verse>
				<verse number="16">Яги гІиналъ жиб бер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуни, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб.</verse>
				<verse number="17">ТІолабго черх цохІо бералдасан гІуцІараб букІарабани, гьелда кин рагІилеб букІараб? ТІолабго черх гІиналдасан гІуцІараб букІарабани, махІ кин гьелда лъалеб букІараб?</verse>
				<verse number="18">Амма Аллагьас киналго лугби ургъунго цо чорхолъ рекъезарун руго ва щибаб лагаялъе бакІги бихьизабун буго.</verse>
				<verse number="19">Кинабго цо лага бугони, черх букІинищха.</verse>
				<verse number="20">Гьединлъидал лугби гІемер руго, черх цо буго.</verse>
				<verse number="21">Бералъ квералда абизе рес гьечІо дие мун къваригІунарилан. Яги бетІералъ бохдузда абизе рес гьечІо дие нуж къваригІунарилан.</verse>
				<verse number="22">Амма бищунго загІипалилан кколел лугби чорхое лъугьун ратула бищунго къваригІунеллъун.</verse>
				<verse number="23">[23-24] «ХІурмат гьабизе» кколарелилан рикІкІунел лугбузул гурищ нилъеца цІикІкІун тІалаб гьабулеб? Берцинал лугбуздехун гьечІеб тІалаб-агъаз гьабулагури нилъеца сураралилан кколел лугбузул. Аллагьас черх гІуцІун буго къимат гьечІел лугбузул тІалаб-агъаз цІикІкІунеб къагІидаялъ,</verse>
				<verse number="24"></verse>
				<verse number="25">— чорхолъ дагІба-рагІи ккечІого букІине ва киналго лугбуз бащадго цоцазул тІалаб-агъазги гьабизе.</verse>
				<verse number="26">Цо лага унтани, киналгоги унтула. Цо лага беццани, киналгоги рохула.</verse>
				<verse number="27">Нуж киналго МасихІил черх ккола. Нужер щивав чи гьеб чорхол лагаги бутІаги ккола.</verse>
				<verse number="28">Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе — халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе — мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана.</verse>
				<verse number="29">Кинавго чи чапар вукІуневищ? Кинавго чиясухъа бажарулебищ Аллагьасул амру халкъалда лъазабизе? Кинавго чи мугІалим вукІуневищ? Кинавго чиясда кІолебищ мугІжизат бихьизабизе?</verse>
				<verse number="30">Кинавго чиясул букІунебищ унтарал сахлъизаризе гьунар? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда кІалъазе? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда цогидазда бичІчІизабизе?</verse>
				<verse number="31">Амма нужеца тІалаб гьабе бищунго лъикІаб махщел-гьунар щвезе. Гьанже дица нужеда бихьизабила гьелдасаги лъикІалде нуж рачунеб нух.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони — дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги.</verse>
				<verse number="2">Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, — дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо.</verse>
				<verse number="3">Дица дир бугебщинаб боцІи-рикъзи мискинзабазе бикьаниги, дирго черх бухІизе кьуниги — дилъ рокьи гьечІони, щибго пайда гьечІо дие.</verse>
				<verse number="4">Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо,</verse>
				<verse number="5">рокьулъ тІасанккей гьечІо, жиндиего пайдаялда хадубги лъугьунаро, рокьи ццидахунаро, гІайиб-гъвел гьелда кІочон тола,</verse>
				<verse number="6">квешабщиналдаса бохуларо гьеб, хІакъабщиналдаса бохула.</verse>
				<verse number="7">Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола.</verse>
				<verse number="8">Рокьи киданиги лъугІуларо. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулел руго — гьеб лъугІила. БатІи-батІиял мацІазда кІалъалел руго — гьебги тІагІина. ГІадамазулъ гІелму-лъай буго — гьебги лъугІила.</verse>
				<verse number="9">Нилъер гІелму-лъай камилаб гьечІелъулха, Аллагьасул амруял ричІчІиги камилаб гьечІелъулха.</verse>
				<verse number="10">ТІубанго камиллъараб тІаде бачІараб мехалъ, камиллъичІебщинаб тІагІина.</verse>
				<verse number="11">Лъимер вугеб мехалда дун лъимер гІадин гаргадулаан, лъимаца гІадин пикру гьабулаан, лъимадул гІадинаб гІакълуги букІана дир. КІудияв гІураб мехалъ, кинабго доб лъимадулаб дилъа лъугІана.</verse>
				<verse number="12">Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матІуялъусан гІадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутІа лъала, доб мехалда тІубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тІубанго лъалев вугев гІадин.</verse>
				<verse number="13">Гьанже нилъеда цадахъ хутІун буго божиги, хьулги, рокьиги. Гьеб лъабалъулго бищунго тІадегІанаб ккола рокьи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Рокьи нужелъ цІикІкІине хІаракат бахъе. Илагьияб РухІалъ кьолеб махщел-гьунарги тІалаб гьабе, сундасаго цІикІкІун тІалаб гьабе Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари.</verse>
				<verse number="2">БатІи-батІиял мацІазда гаргадулев чи гІадамаздехун гуро кІалъалев, Аллагьасдехунин. Илагьияб РухІалъул къудраталдалъун гьес балъголъи рагьулеб мехалъги, лъиданиги вичІчІуларо гьев.</verse>
				<verse number="3">Аллагьасул амруязул хІакъалъулъ бицунев чияс гІадамазе насихІат гьабула, къвакІун чІезеги ракІ бохизеги кумек гьабула.</verse>
				<verse number="4">БатІи-батІиял мацІазда кІалъаялъул пайда кІалъалесе букІуна, Аллагьасул амруял халкъалда лъазариялъул пайда иман лъуразул агьлуялъе букІуна.</verse>
				<verse number="5">Дие бокьилаан батІи-батІиял мацІазда нуж киналго кІалъазе, амма дагьабги лъикІ букІина Аллагьасул амруял халкъалда лъазаруни. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъалев чиясдаса тІадегІанав вуго. Иман лъуразул агьлуялъе пайда букІуна гьел мацІазда бицунеб жо бичІчІизабизе бажарулев чи гьезда гьоркьов вугони.</verse>
				<verse number="6">Масала, нужехъе вачІун дун батІи-батІиял мацІазда кІалъани, дидасан кинаб пайда, вацал, нужее букІинеб? Аллагьасдасан амру нужеда лъазабулеб гьечІони, цогІаги гІакълу-насихІатги дидасан щолеб гьечІони, — щибго пайда букІинаро.</verse>
				<verse number="7">Мисалалъе росилин рухІ гьечІел жал — щвантІихги чагурги. Гьаркьал ратІа рахъизе лъаларедухъ щвантІих пулеб бугони яги чагур хъвалеб бугони, гьезда бачунеб бакъан кин лъалеб?</verse>
				<verse number="8">Накъираялъул гьаракь магІна бичІчІулареб бугони, рагъде хІадурлъизехъин рукІин кин лъалеб?</verse>
				<verse number="9">Гьединго, лъиданиги лъалареб рагІи бичІчІулареб мацІалда дуца абулеб бугони, лъида мун вичІчІилев? Гьаваялда багъараб гьаракьлъун хутІила дур калам.</verse>
				<verse number="10">Дуниялалда цІакъго гІемерал мацІал руго, амма магІна гьечІеб рагІи цониги батуларо.</verse>
				<verse number="11">Дида мацІ бичІчІулеб гьечІони, гьеб мацІалъул чи дие чияр чи вуго, дунги гьесие чияр чи вуго.</verse>
				<verse number="12">Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щвезе нужее бокьун батани, иман лъуразул агьлуялъе пайдаяб махщел-гьунар цІикІкІинабе.</verse>
				<verse number="13">БатІи-батІиял мацІазда кІалъалев чияс гьаризе ккола гьеб бичІчІизабизе гьунарги кьейилан.</verse>
				<verse number="14">БичІчІулареб мацІалда дица дугІа гьабуни, — гьеб лъугьуна дилъ бугеб Илагьияб РухІалъ гьабулеб, амма дир гІакълу-пикру гІахьаллъичІеб дугІалъун.</verse>
				<verse number="15">Щибха дица гьабизе кколеб? РухІалъ малъухъеги гьарила дица Аллагьасда, дирго гІакълу-пикруялдалъунги гьарила. РухІалъ малъухъеги ахІила дица Аллагь веццарал туркаби, дирго гІакълу-пикруялдалъун бичІчІараб куцалъги ахІила.</verse>
				<verse number="16">Дуца Аллагьасе рецц РухІалъ малъухъе гьабулеб бугони, гьеб бичІчІизе гьунар гьечІев чияс дуда хадуб «Амин» абиларо. Дуца щиб бицунеб бугебали лъаларелъулха гьесда.</verse>
				<verse number="17">Дуца лъикІаб гІамал гьабуна, амма цогидазе гьелъул пайда бахинчІо.</verse>
				<verse number="18">Аллагьасе рецц, нужер киназдасаго лъикІ лъала дида батІи-батІиял мацІазда кІалъазе,</verse>
				<verse number="19">амма иман лъуразул данделъиялда дица гьезда бичІчІулеб щуго рагІи абун гьабураб насихІат лъикІ, бичІчІулареб мацІалда аза-азар рагІи абиялдаса.</verse>
				<verse number="20">Лъимадул гІадинаб гІакълу-пикругун хьвадуге, вацал. Кинида ругел лъималазгІанги квешлъиги гьабуге, кІудиял гІурал гІадамаз гІадин пикруги гьабе.</verse>
				<verse number="21">Къануналда хъван буго: «БатІи-батІиял мацІаздалъун ва гьезие чияраб каламалдалъун кІалъалел гІадамал тІамила дица гьеб халкъалда тІад, амма гьебмехалдаги гьел дихъ гІенеккиларо», — ян абулеб буго БетІергьанас.</verse>
				<verse number="22">Гьедин, Аллагьас батІи-батІиял мацІал жиндирго гІаламатлъун иман лъуразде гуро рещтІинарурал, иман лъечІездейин. Амма Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе гьунар — гьеб иман лъечІезе гуро, иман лъуразе гІаламат буго.</verse>
				<verse number="23">Масала, иман лъуразул тІолабго агьлуялъул данделъиялда щивав чи бичІчІулареб мацІалда кІалъалев вугеб мехалъ, гьенире рачІани гьеб гьунар жиделъ гьечІел яги жидеца иман лъечІел гІадамал, нуж гІадаллъун ругилан абиларищ гьез?</verse>
				<verse number="24">Амма Аллагьасул амруял ричІчІизаризе киназдаго лъалеб бугони, жинца иман лъечІев яги доб гьунар жиндилъ гьечІев чи нужер данделъиялдеги вачІани, нужер щивав чиясда кІвела гьесул мунагьал тІатинаризе. Гьебмехалда гьесда ракІалде ккела, киназго гьедин абулеб бугелъул, Аллагьас жиндие суд гьабулеб бугилан.</verse>
				<verse number="25">Гьесул рекІелъ букІараб балъгоябщинаб къватІиб чІвайдал, гьев накалда ккела, Аллагьасе сужда гьабила, Аллагь нужеда цадахъ вукІин ритІухъ гьабила.</verse>
				<verse number="26">Гьеб киналъулго кинаб хІасилха, вацал, нилъеца гьабилеб? Нуж данделъараб мехалъ, цоясул туркиги, цогидасул насихІатги, гьединго Аллагьас загьир гьабурабги, батІи-батІиял мацІазда гьабулеб каламги, гьеб бичІчІизабиги — щивасул гьеб кинабго букІине ккола иман лъуразул агьлуялъе пайдаялъе.</verse>
				<verse number="27">БатІи-батІиял мацІазда кІалъазе бокьарал чагІи ругони, кІигояв, бищун цІикІкІун лъабгояв, иргадал кІалъай, цогидас гьеб бичІчІизабизеги.</verse>
				<verse number="28">БичІчІизабизе бажарулев чи гьечІони, батІияб мацІалъул чи кІалъачІого вукІине ккела яги живго жиндаго ва Аллагьгун гаргадизе ккела.</verse>
				<verse number="29">Данделъаразда Аллагьасул амруял лъазаризе кІигояв яги лъабгояв лъугьа, цогидазин абуни, гьез бицараб борцине ккела.</verse>
				<verse number="30">Данделъиялда ругезул цоясе Аллагьас цо щибниги загьир гьабулеб бугони, кІалъалев вугев вуцІцІун чІезе ккела.</verse>
				<verse number="31">Аллагьасул амруял данделъаразда лъазарун, тІолабго агьлуялъе пайда букІунедухъ, иргадал кІалъазе бегьулелъулха нуж киналго.</verse>
				<verse number="32">Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи гІодове виччарав вукІине ккола.</verse>
				<verse number="33">Аллагьасе бокьуларелъулха ахІи-хІурги гъалмагъирги. Гьесие бокьула рекъа-решей. Аллагьасул халкъалъул киналго жамагІатазда руцІцІун чІолел гІадин,</verse>
				<verse number="34">руччаби нужер данделъиялдаги руцІцІун чІезе ккола. КІалъазе изну гьечІо гьезие. Къануналъги абулеб буго гьел мутІигІлъун чІезе ккелилан.</verse>
				<verse number="35">Щибниги жо лъазе бокьани, рокъоб жидерго росабазда гьикъеян абе. Данделъиялда руччаби кІалъазе рекъараб гьечІо.</verse>
				<verse number="36">Нужеда ракІалдейищ кколеб Аллагьасул рагІи нужедасан бачІараб бугилан? Яги гІицІго нужехъе бачІараб жойиланищ кколеб нужеда гьеб?</verse>
				<verse number="37">Аллагьасул амру халкъалда лъазабулев чилъун яги Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щварав чилъун живго рикІкІунев вугони, гьес ритІухъ гьабизе ккела гьаб дица нужехъе хъвалеб бугеб жо ТІадегІанасдасан бачІараб амру букІин.</verse>
				<verse number="38">Гьеб гІадахъ босуларев чи нужецаги гІадахъ восуге.</verse>
				<verse number="39">Гьединлъидал, вацал, Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе махщел-гьунар тІалаб гьабе, батІи-батІиял мацІазда кІалъазеги гьукъуге.</verse>
				<verse number="40">Амма кинабго букІине ккола берцинго ва рекъа-решон.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="2">Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони — нужер божи-иман гІадада ккола.</verse>
				<verse number="3">Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло.</verse>
				<verse number="4">Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна.</verse>
				<verse number="5">Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана.</verse>
				<verse number="6">Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана.</verse>
				<verse number="7">Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана.</verse>
				<verse number="8">Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин.</verse>
				<verse number="9">Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха.</verse>
				<verse number="10">Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана.</verse>
				<verse number="11">Дол рукІаниги, дун вукІаниги батІалъи щиб, нижеца гьедин бицуна Рохалил хабар, нужги гьелда божана.</verse>
				<verse number="12">Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан?</verse>
				<verse number="13">Хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо.</verse>
				<verse number="14">МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нижеца бицараб Рохалил хабарги гІадада ккана, нужер божи-иманги гІадада ккана.</verse>
				<verse number="15">Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, — Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо.</verse>
				<verse number="16">Хварал тІаде рахъинаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо.</verse>
				<verse number="17">МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго.</verse>
				<verse number="18">Гьедин батани, дол МасихІида божун хваралги тІубанго хваралищ?</verse>
				<verse number="19">ГІицІго гьаб дуниялалъул чІаголъиялъулъ МасихІиде хьул лъун нилъ хьвадулел ругони, бищунго гурхІизе ккарал чагІи руго нилъ.</verse>
				<verse number="20">ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, — хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло.</verse>
				<verse number="21">Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги.</verse>
				<verse number="22">Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго.</verse>
				<verse number="23">Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ — гьесул агьлуги.</verse>
				<verse number="24">Цинги дуниял ахирлъила. МасихІица къезарила тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги — киналго рухІал, цинги Эмен — Аллагьасухъе кьела жиндирго парччахІлъи.</verse>
				<verse number="25">МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан.</verse>
				<verse number="26">Бищунго ахиралда къезабулеб тушман ккола хвел.</verse>
				<verse number="27">ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь.</verse>
				<verse number="28">Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила.</verse>
				<verse number="29">Гьеб гьереси букІарабани, хваразе гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъилел рукІарал? Хварал чІаголъуларел ратани, гьезие гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъулел?</verse>
				<verse number="30">Щай нилъ кидаго хІинкъиялда гъоркь рукІине ккелел?</verse>
				<verse number="31">Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан.</verse>
				<verse number="32">Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин».</verse>
				<verse number="33">Нужго гуккизе чІоге. Квешазда аскІоре къани, лъикІаб гІамалалдаса ратІалъула.</verse>
				<verse number="34">КантІе, тІокІаб мунагьги гьабуге. Нужер цо-цоязда Аллагь лъаларо. Дица гьеб абулеб буго нуж намуслъизе.</verse>
				<verse number="35">Амма цо лъицаниги гьикъизе бегьила хварал кин чІаголъулелилан. Кинаб черхгун гьел тІаде рахъунелилан.</verse>
				<verse number="36">ГІабдал вуго гьев. Дуца ракьулъ мугь чІола, амма цин жибго хвечІони, гьеб тІаде баккуларо.</verse>
				<verse number="37">Дуца ракьулъ чІолеб жо, ролъул букІа яги цогидалъул букІа, гІицІаб мугь буго, гьелдасан лъугьунеб «черх» гуро гьеб.</verse>
				<verse number="38">Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх — хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб.</verse>
				<verse number="39">Киналго чурхдул релълъарал гьечІо: гІадамазул батІиял руго, хІайваназул батІиял руго, хІанчІазул батІиял руго, ччугІбузул батІиял руго.</verse>
				<verse number="40">Руго зобалазулал чурхдул, руго ракьалъулалги. Зобалазулал чурхдузул жидерго берцинлъи буго, ракьалъулал чурхдузулги жидерго берцинлъи буго.</verse>
				<verse number="41">Бакъул батІияб, моцІрол батІияб, цІвабзазул батІияб буго берцинлъи. Щибаб цІваялъулгицин буго жиндирго берцинлъи.</verse>
				<verse number="42">Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо.</verse>
				<verse number="43">Ракьулъе сурукъго уна, тІаде берцинго баккула. Ракьулъе загІипго уна, тІаде гучалда баккула.</verse>
				<verse number="44">Ракьулъе тІабигІияб черх уна, тІаде рухІалъ цІураб черх баккула. ТІабигІияб черхги букІуна, рухІалъ цІураб черхги букІуна.</verse>
				<verse number="45">ТІухьдузда хъван буго: «ТІоцевесев инсанасда — Адамида рухІ лъуна». Ахирисев Адам — чІаголъи кьолеб РухІлъун лъугьана.</verse>
				<verse number="46">РухІалъ цІурабаб бачІунаро тІоцебе, тІабигІияб черх бугебаб бачІуна. Цинги бачІуна рухІалъ цІурабги.</verse>
				<verse number="47">ТІоцевесев Адам ракьул хІуралдасан вижана, ракьалдаса вачІана. КІиабилев Адам зобалаздаса вачІана.</verse>
				<verse number="48">Ракьалдасан ругелал ракьалдаса вачІарасда релълъуна. Зобалаздасан ругелал зобалаздаса вачІарасда релълъуна.</verse>
				<verse number="49">Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ.</verse>
				<verse number="50">Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин.</verse>
				<verse number="51">[51-52] Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила.</verse>
				<verse number="52"></verse>
				<verse number="53">Турулебаб турулареблъун лъугьине ккола, холебабги холареблъун лъугьине ккола.</verse>
				<verse number="54">Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна».</verse>
				<verse number="55">Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!»</verse>
				<verse number="56">Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола.</verse>
				<verse number="57">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="58">Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Гьанже бицинин Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе гІарац бакІариялъул хІакъалъулъ. Галатиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда дица малъухъе гьабе нужецаги.</verse>
				<verse number="2">Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо.</verse>
				<verse number="3">Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги.</verse>
				<verse number="4">Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги.</verse>
				<verse number="5">Македониялдаса нужехъеги вачІина дун — Македониялдасан ине ракІалда буго дида.</verse>
				<verse number="6">Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие.</verse>
				<verse number="7">Сапаралда вукІаго нужехъе ваккизе вачІине гурелъулха дие бокьун бугеб, ТІадегІанав разилъани, лъикІаланго заманаялъ гьенив чІезе хиял буго.</verse>
				<verse number="8">БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда.</verse>
				<verse number="9">Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго.</verse>
				<verse number="10">Тимофей гьениве вачІараб мехалъ, гьениб гьесие хІинкъи букІунареб хІал гьабе. Гьевги, дунго гІадин, ТІадегІанасе гІололъидалха хІалтІулев вугев.</verse>
				<verse number="11">ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго.</verse>
				<verse number="12">Нилъер вац Аполлосил хІакъалъулъ бицани, дица гьесда цІакъ гьарана вацалгун цадахъ нужехъе щвайилан, амма гьабсагІат гьениве ине къасд гьечІо гьесул. Рес ккараб мехалъ вачІина гьев.</verse>
				<verse number="13">РорчІи ккве, иман щулалъизабе, бахІарчияллъун ва къуваталлъун рукІа.</verse>
				<verse number="14">Нужеца гьабулебщинаб рокьигун гьабе.</verse>
				<verse number="15">Цоги гьари буго, вацал, нужеде: Стефанасил рукъалъул агьлу Ахаялда тІоцере МасихІида божарал чагІи рукІин лъалаха нужеда. Аллагьасул халкъалъе тІубанго хъулухъалъе чІарал чагІи руго гьел.</verse>
				<verse number="16">Дица нужеда гьарила гьединал чагІазухъги, гьезда цадахъ хІалтІулезухъги, хъулухъ гьабулезухъги гІенеккейилан.</verse>
				<verse number="17">Дун цІакъ вохун вуго Стефанасги, Фортунатги, Ахаикги гьанире рачІиналдаса. Нуж дие камун рукІин лъазе биччаларо гьез дида.</verse>
				<verse number="18">Нужер ракІазе къвакІи кьураб гІадин, дир рекІееги къвакІи кьола гьез. Гьединал чагІазул къимат гьабе!</verse>
				<verse number="19">Асиялда ругел иман лъуразул агьлуялъул салам буго нужеде. Аквилалгун Прискиллал ва гьезул рокъор данделъулел иман лъуразул агьлуялъулги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб, урхъараб салам.</verse>
				<verse number="20">Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе.</verse>
				<verse number="21">Гьаб дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил салам буго нужеде.</verse>
				<verse number="22">ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» — вачІа, нижер ТІадегІанав!</verse>
				<verse number="23">ТІадегІанав ГІисал цІоб лъеги нужеда!</verse>
				<verse number="24">МасихІ ГІисаде цолъарал нуж киналго рокьула дие.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="47">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">МасихІ ГІисал чапарлъун вукІине Аллагьас тІаса вищарав Павелил ва диналъул вац Тимофейил салам буго Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде, гьединго тІолабго Ахаялда ругел иман лъуразул агьлуялдеги.</verse>
				<verse number="2">Нилъер Эмен — Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="3">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен — Аллагьасе рецц! Гьев нилъеда кидаго гурхІула, гьес нилъер ракІбатизабула!</verse>
				<verse number="4">Кинаб къварилъи нилъеде бачІаниги, Аллагьас ракІбатизабула нилъер. Гьес нилъееги къуват кьола, — жинца нилъер ракІбатизабулеб бугеб гІадин, къварилъиялда ругезул нилъецаги ракІбатизабизе.</verse>
				<verse number="5">МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нилъее цІикІкІанагІан, МасихІидалъун нилъер ракІбатизабиги цІикІкІуна.</verse>
				<verse number="6">Нижеца гІазаб-гІакъуба хІехьолеб буго нужер ракІбатизабизе ва нуж хвасарлъизе гІоло. Нижер ракІбатизабурас нужерги ракІбатизабила. Нижее бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба нужецаги сабруялда хІехьани, гьелъги нужер ракІбатизабила.</verse>
				<verse number="7">Нуж мекъи ккеларилан ракІчІун руго ниж. Нижее бугеб гІазаб-гІакъуба нужееги бугеб батани, гьелъ нужер ракІбатизабилеблъи лъала нижеда.</verse>
				<verse number="8">Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана.</verse>
				<verse number="9">Къадаралде щвезехъин ругилан ккун, нижедаго божулел рукІинчІо, хваралъуса рахъинарулев Аллагьасде тІамун тун букІана.</verse>
				<verse number="10">Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго.</verse>
				<verse number="11">Нужецаги гьари-дугІа гьабеха, нижеда тІадрекъон. Нилъер гьари-дугІа цІикІкІани, Аллагьасги цІоб лъела, гІадамаз Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина.</verse>
				<verse number="12">Ниж сундаса чІухІизе кколел? Гьаб дуниялалда ва хасго нужеда хурхарал ишазулъ ниж хьвадулел руго Аллагьасдасан рещтІараб ракІбацІцІалъигун ва муъминлъигун. Намус бацІцІадго абулеб буго нижеца гьедин. ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъун гуро ниж гьедин хьвадулел ругел, Аллагьасул баркаталдалъунин.</verse>
				<verse number="13">[13-14] Кагътидасан нужеца цІалулеб ва нужеда гьенисан бичІчІулеб жо гурони, батІияб щибго ракІалде кколаро нижеда гьеб хъвалеб мехалъ. Нижеца бицарабщиналъул цо-цо бутІа гурони нужеда гьанжелъагІан бичІчІулеб букІинчІеб батани, гьанже гьеб нужеда тІубанго бичІчІилилан хьул буго. Ниж нужедаса чІухІулел гІадин, нужги нижедаса чІухІила — нилъер ТІадегІанав ГІиса цІидасан рещтІараб къоялъ.</verse>
				<verse number="14"></verse>
				<verse number="15">Гьелда ракІги чІун, дица хІукму гьабун букІана цин нужехъе вачІинин, ва гьеб дир сапаралъул нужее кІицІулго пайда букІинин.</verse>
				<verse number="16">Дида ракІалда букІана Македониялде унаго нужехъе щвезе, цинги Македониялдаса нахъвуссунаго кІиабизеги нужехъе вачІине ва нужер кумекалдалъун Ягьудиялде ине.</verse>
				<verse number="17">Гьедин къватІиве вахъине къачІалаго унго дир пикруйищха хисараб? ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъунищ дица хІукму гьабизе кколеб? Дица «уйилан» абуни, «гурилан» абураб магІнайищха гьелъул кколеб?</verse>
				<verse number="18">АллагьасхІаги, нижеца нужеда абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан».</verse>
				<verse number="19">Жиндир хІакъалъулъ нижеца — дицаги, Сильваницаги, Тимофейицаги — нужеда Рохалил хабар бицарав ГІиса МасихІица, ай Аллагьасул Васас, киданиги абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». ГІицІго «у» букІана гьесулъ.</verse>
				<verse number="20">Аллагьас рагІи кьурабщиналъул рахъалъ гІицІго «у» гурищ гьесулъ батараб. Гьединлъидалин, МасихІил цІар рехсон Аллагь кІодо гьавулаго, нилъеца «амин» абулеб.</verse>
				<verse number="21">[21-22] ГІиса МасихІиде цолъизарун нижги нужги къвакІизарулев Аллагьас нилъ тІаса рищана, абадияб гІумруялъул гІаламатлъун Илагьияб РухІги нилъер ракІазулъе рещтІинабуна.</verse>
				<verse number="22"></verse>
				<verse number="23">АллагьасхІагийилан ва дирго гІумруялхІагийилан гьедулев вуго: нужеца гьабуралда рекъараб рагІи нужеда хІунсизе бокьичІогойин дун тІокІав Коринфалде вачІинчІев.</verse>
				<verse number="24">Нужер божи-иманалда тІад тарал хъаравулзаби гурелъулха ниж, нужер рохелалъе квербакъулел чагІийин! Нужер божи-иманин абуни, щулалъун буго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Дица хІукму гьабуна, дун вачІунилан нужее квеш кколеб батани, гьанже нужехъе вачІинчІого чІезе. Нуж пашманлъизаризе бокьун гьечІо дие.</verse>
				<verse number="2">Нуж пашманлъизаруни, дица пашманлъизарураз гурони, лъица дун вохизавилев?</verse>
				<verse number="3">Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда.</verse>
				<verse number="4">Доб кагъат хъвалеб мехалъ дун цІакъ пашманго вукІана: ракІги къварилъун букІана, бераз магІуги тІолеб букІана. Нуж пашманлъизаризе гуреб, нужеде бугеб дир рокьул гьарзалъи бихьизабизейин дица доб кагъат хъван букІараб.</verse>
				<verse number="5">Дун пашманлъизавунилан нужеда ракІалде ккарав чияс дун гуро пашманлъизавурав. Гьес цодагьалго пашманлъизаруна нуж киналго, гьелъул хІакъалъулъ тІокІаб бицине бокьун гьечІо дие.</verse>
				<verse number="6">Нужер гІемерисез гьабураб тамихІги гІела гьев чиясе.</verse>
				<verse number="7">Гьанже, тІасаги лъугьун, гьесул ракІбатизабизе ккела нужеца, — цІакъго пашманлъун, тату хунгутІизе.</verse>
				<verse number="8">Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: гьевги нужее вокьулевлъи бихьизабе гьесда.</verse>
				<verse number="9">Нужер хІалбихьизе ва сундулъго дие мутІигІал ругищалиги лъазе хъван букІана дица доб кагъат.</verse>
				<verse number="10">Нуж тІасалъугьарасдаса дунги тІасалъугьуна. Дун тІасалъугьунев вугони (тІасалъугьине рекъараб жоги бугони), МасихІги нугІлъун гьавун, тІасалъугьуна дун — нужее пайдаялъе.</verse>
				<verse number="11">Дица гьедин гьабула, илбисалъ нилъго гуккунгутІизе, — гьелъул къасдал лъаларел чагІи гурелъулха нилъ.</verse>
				<verse number="12">МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана.</verse>
				<verse number="13">Амма дир ракІ гІодобе биччалеб букІинчІо дир диналъул вац Тит гьенив ватичІелъул. Гьединлъидал, гьенир ругезе къолъикІги гьабун, дун Македониялде ана.</verse>
				<verse number="14">МасихІил бергьенлъиялъул байрамалде ниж рачунев Аллагьасе рецц! Аллагьас ниж ритІула, махІ гьуинаб нахул кьеккен гьабулеб гІадин, МасихІил хІакъалъулъ киса-кибего лъазабизе.</verse>
				<verse number="15">Хвасарлъулезеги холезеги ниж руго — МасихІица Аллагьасе къурбанлъун кьеккен гьабулеб гьеб махІ гьуинаб нах.</verse>
				<verse number="16">Холезе ниж руго — хвалил махІ, хвасарлъулезе ниж руго — чІаголъиялъул гьуинаб махІ. Гьеб нижее бугеб тІадкъай тІубазабизе щал ярагьунел?</verse>
				<verse number="17">Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине?</verse>
				<verse number="2">Нуж руго — ниж реццараб кагъат! Нижер ракІазулъ хъван буго гьеб, киназдаго лъазе, киназго цІализе!</verse>
				<verse number="3">Щакъиялъ гуреб, хІакъав Аллагьас битІараб РухІалдалъун МасихІица хъван, нижеца босун бачІараб кагъатлъун ругеллъи бихьизабуна нужеца. ГанчІил къаназда гуреб, инсанасул рекІеда хъвараб кагъатин гьеб.</verse>
				<verse number="4">МасихІидалъун Аллагьасде кІудияб божи-иман бижун буго нижер рекІелъ.</verse>
				<verse number="5">Сундуениги ярагьунел чагІи ниж ругилан абизесеб гьунар гьечІо нижелъ, кинабго Аллагьасдасан щвараб буго.</verse>
				<verse number="6">Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула!</verse>
				<verse number="7">Къанун хъван букІана ганчІил къаназда. Аллагьас гьеб рещтІинабулеб мехалъ илагьияб Нур гвангъана, гьеб дагьабго заманаялъ загьирлъун букІаниги, Исраилил халкъалда кІвечІо гьеб Нуралъ гвангъизабураб Мусал гьурмахъ ралагьизе. Хвалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани,</verse>
				<verse number="8">Илагьияб РухІалъ чІезабураб къотІиялъул Нур кигІан кутакабха букІинеб?</verse>
				<verse number="9">ТамихІалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, инсан ритІухъ гьавулеб РухІалъул Нур кигІан кутакабха букІинеб?</verse>
				<verse number="10">Кидаялиго Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьанже тІубанго тІагІун буго, гьелдасаги гІемерго гвангъараб Нур хІакълъунго ракьалде рещтІун бугелъул!</verse>
				<verse number="11">Дагьабго заманаялъе рещтІараб Нур гвангъун букІараб батани, гьелдаса гІемерго цІикІкІун гвангъула абадияб Нур.</verse>
				<verse number="12">Гьеб киналдего хьул лъезе рес бугелъул, рагьун ва хІинкъичІого кІалъала ниж.</verse>
				<verse number="13">Ссун унеб ва цебеса тІагІунеб Нур Исраилил халкъалда бихьичІого букІине гьумер пардавалъ бахчарав Муса гІадин гурелха.</verse>
				<verse number="14">РакІбицалъун букІана гьезул. Жакъа къоялде щвезегІанги, НекІсияб къотІиялъул ТІухьдул цІалулеб мехалъ, гьеб пардав букІуна гьезул гьурмазда цебе. ВачІун МасихІицалъидал гьеб бахъун рехулеб.</verse>
				<verse number="15">Жакъа къоялде щвезегІанги, Мусал Къанун цІалулеб мехалъ, гьеб пардавалъ бахчун букІуна гьезул ракІги.</verse>
				<verse number="16">Амма инсан БетІергьанасдехун вуссиндал, гьес бахъун рехула гьеб.</verse>
				<verse number="17">Гьаниб БетІергьан абураб рагІул магІна ккола Илагьияб РухІ. Аллагьасдасан бачІараб РухІ бугеб бакІалда эркенлъиги букІуна!</verse>
				<verse number="18">Пардавалъ гьумер бахчичІого, матІуялъуре гІадин, ралагьула ниж БетІергьанасул гвангъараб Нуралъухъ. Нижелъ гьеб Нур дагь-дагьккун гвангъидал, нижги лъугьуна гьесул сипатлъун. Гьеб кинабгоги лъугьуна жинда РухІилан абулев БетІергьанасдасан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Гьединлъидалин, Аллагьасул цІоб лъун, Рохалил хабаралъе хъулухъ гьабизе божун тарал нижеца рачел чучулареб.</verse>
				<verse number="2">Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе.</verse>
				<verse number="3">Гьедин бугониги, нижеца бицунеб Рохалил хабар гІемерал гІадамазе, пардавалъ гІадин, бахчун буго. Гьеб бахчун буго гІицІго хвалде унезе,</verse>
				<verse number="4">гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, — Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе.</verse>
				<verse number="5">Нижерго хІакъалъулъ Рохалил хабар гурелъулха нижеца бицунеб бугеб, ГІиса МасихІ нилъер ТІадегІанав вугиланлъидалха. Нижни руго ГІиса МасихІие гІоло нужее хъулухъ гьабулел гІадамал.</verse>
				<verse number="6">НекІо бецІлъи бачахъизе канлъи бижарав Аллагьас гьеб канлъи нилъер рекІелъеги лъугьинабуна. ГІиса МасихІил гьурмалъ гвангъараб Илагьияб Нур нилъее загьирлъизелъун гьабуна гьес гьедин.</verse>
				<verse number="7">Хазина жаниб цІунарал гьадингоял щагІил рагІазда релълъун руго ниж. Нижелъ загьирлъараб цІакъго цІикІкІараб къудрат, нижедасан гуреб, Аллагьасдасан бугеблъи бихьуларищ гьелдасан?</verse>
				<verse number="8">Киналго нижеде тІаделъун руго, амма нижее рорчІизе бакІ хутІун буго. Ниж рес къотІун руго, амма хьул къотІун гьечІо.</verse>
				<verse number="9">Нижее гІадамаз гІазаб-гІакъуба кьолеб буго, амма Аллагьас ниж рехун тун гьечІо. Ниж гІодор ккезарун руго, амма къун гьечІо.</verse>
				<verse number="10">ГІисал хвел нижеца кидаго нижерго чорхолъ чІезабула, гьелдаго цадахъ нижер чорхолъ ГІисал гІумруги загьирлъизе.</verse>
				<verse number="11">ЧІаго ругебгІан мехалъ, ниж ГІисае гІоло хвезарулел руго. Нижер чурхдул хвалие мутІигІлъаниги, гьезулъ загьирлъула ГІисадалъун насиблъулеб абадияб гІумру.</verse>
				<verse number="12">Гьедин нижелъ хвел хІалтІулеб буго, нужелъин абуни, гІумру хІалтІулеб буго.</verse>
				<verse number="13">«Дун божана ва гьединлъидал дица бицана», — ян ТІухьдузда хъвараб гІадинаб божи-иман кьураб РухІ нижелъ бугелъул, ниж божун руго, божун ругелъул бицунебги буго.</verse>
				<verse number="14">Нижеда лъала ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурас, ГІисада цадахъ рахъинарун, нижги нужги Жиндаго цере чІезаризе рукІин.</verse>
				<verse number="15">Гьеб кинабго гьабулеб буго нужее гІоло, Аллагьасул баркат цІикІкІун чиясда лъунагІан, гьез цІикІкІинабулеб бугелъул Аллагьасе гьабулеб реццги.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидалин ниж ракІ гІодоб чІван рукІунарел. Нижер чорхол чІаголъи дагь-дагьккун чІунтулеб бугониги, рухІияб чІаголъи щибаб къоялъ цІилъулебго цІилъулеб буго.</verse>
				<verse number="17">Гьаб тІадагьаб, дагьаб заманаялъулаб гІазаб-гІакъубаялъ нижее къачІалеб буго гьелда данде ккун кутакалда цІикІкІараб абадияб нигІмат.</verse>
				<verse number="18">Беразда бихьулебаб гуреб, бихьуларебаб гІадахъ босулеб буго нилъеца. Беразда бихьулебаб — тІаса унелъул, бихьуларебаб — абадияб бугелъул!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Гьаб панадуниялалда нилъ чІолеб бакІ биххараб мехалъ, Аллагьас нилъее рукъ кьезе бугеблъи лъала нилъеда. Зобалазда бугеб инсанасул квераз гьабичІеб абадияб рукъин гьеб.</verse>
				<verse number="2">Гьанир ругебгІан заманаялъ пашманго зигардула нилъ, нилъее бокьун букІуна гьеб зобалазул рокъоре лъугьине.</verse>
				<verse number="3">Гьаб дуниялалда сундасаго махІрумлъаниги, рукъ гьечІого хутІиларо нилъ гьенир.</verse>
				<verse number="4">Гьанир ругебгІан заманаялъ къварилъахъдула нилъ. Гьаб панадуниялалда нилъер бугеб черхалдаса махІрумлъизе бокьиялъ гуребха, зобалазда нилъер букІунеб черх щвезе бокьиялъин. Холеб черх холареб черхалъ хисун гІумру бергьина гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="5">Илагьияб РухІ аманатлъун нилъее кьурав Аллагьас гьелъиейин нилъ тІаса рищарал.</verse>
				<verse number="6">Гьединлъидал нилъ сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун руго. Нилъеда лъала, гьанир рокъор — нилъерго чорхолъ — ругебгІан заманаялъ, нилъ ТІадегІанасдаса рикІкІад рукІин.</verse>
				<verse number="7">Беразда бихьулелда рекъон гуреб, божулелда рекъонин нилъ хьвадулел ругел.</verse>
				<verse number="8">Сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун ругелъул, нилъее лъикІаб букІинаан, нилъерго чорхолъа къватІиреги лъугьун, ТІадегІанасда аскІоре гочине.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидалин нилъее бищунго бокьулеб — гьаб дуниялалда гьесдаса рикІкІад рукІаниги, ахираталда аскІор рукІаниги — ТІадегІанав нилъедаса разилъизе.</verse>
				<verse number="10">РухІ чорхолъ букІаго щивав чияс гьабураб лъикІлъиялъухъ шапакъат щвезеги квешлъиялъухъ тамихІ гьабизеги нилъ киналго МасихІил судалда цере чІезе ругелъулха.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасукьа хІинкъи щиб жояли лъайдал, нижеца хІаракат бахъулеб буго цогидаздаги гьеб лъазабизе. Ниж щал чагІияли Аллагьасда лъала. Дида ракІалде ккола нужедаги кІвеларин ниж щалали лъаларин абизе.</verse>
				<verse number="12">Ниж щал чагІияли бихьизабизе гуро гьеб такрар гьабулеб бугеб. Жидерго рекІелъ бугеб бахчун, бералда бихьулебаб рихьдаего цебе рехизабун, жидеего рецц-бакъ гьабулел гІадамалги руго гьенир. Нижеца гьедин абулеб буго гьединал гІадамазе жаваб кьезе нужее бигьалъизе ва нижедаса чІухІизе нужее рес букІинеги.</verse>
				<verse number="13">Биччанте ниж гІантлъун ругилан абизе. Нижеца Аллагьасе хъулухъ гьабулеб бугелъулин гьез гьедин абулеб бугеб. ЦІодорго ругеб мехалъ гьабураб — гьеб нужее гІоло буго.</verse>
				<verse number="14">МасихІил рокьиялъул кверщаликь руго ниж. Нижеда бичІчІана киназего гІоло цо Чи хваравлъи. Гьесда цадахъ киналгоги хун руго.</verse>
				<verse number="15">Гьев хвана киназего гІоло, цинги чІаго ругелаз гІумру жидеего гІоло гьабичІого, — жидее гІоло хварасе ва хваралъуса вахъинавурасе гІоло гьабизе.</verse>
				<verse number="16">Гьанжеялдаса хадуб нилъеца лъиениги къимат кьезе бегьуларо гІадамазул гІакълу-пикруялдалъун. Цере нилъ МасихІихъги ралагьулел рукІарал ратани гІадамазул бераздалъун, гьанже тІокІаб гьабулеб гьечІо нилъеца гьедин.</verse>
				<verse number="17">МасихІиде цолъарав чи ккола цІидасан вижарав чи. Басрияб ана-хвана, гьале цІияб тІаде гІунтІана.</verse>
				<verse number="18">МасихІидалъун нилъ Живгун рекъезарурав ва цогидалги нужеца Живгун рекъезареян нилъее амру гьабурав Аллагьасдасан буго гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="19">Аллагьас МасихІидалъун Живгун рекъезабуна тІолабго гІалам, гьезул мунагьалги рикІкІинчІо Гьес. ГІадамал рекъезареян амруги гьабуна Гьес нилъее.</verse>
				<verse number="20">Ниж руго МасихІил вакилзаби ва Аллагьас нижер кІалдисан кІалъан гІадамазде ахІулеб буго Жинде руссаян. МасихІил цІар рехсон гьарулеб буго нижеца Аллагьгун рекъе нужилан.</verse>
				<verse number="21">Мунагьго гьечІевав нилъер мунагьалъе гІоло къурбанлъун гьавуна Аллагьас, — гьесдалъун нилъеде Аллагьасдасан ритІухълъи рещтІинабизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан.</verse>
				<verse number="2">Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугІа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букІараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», — ян. Гьале гьанже бачІун буго доб болжал щвараб заман, бачІун буго нилъ хвасарлъизе хъван букІараб къо!</verse>
				<verse number="3">Нижеца лъиениги квекІен гьабуларо, — Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гІайиб чІвангутІизе.</verse>
				<verse number="4">Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал,</verse>
				<verse number="5">тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей.</verse>
				<verse number="6">Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи,</verse>
				<verse number="7">хІакъаб рагІи ва Аллагьасдасан бачІараб къуват. Нижер кваранабги квегІабги хъатикь буго ритІухълъиялъул ярагъ.</verse>
				<verse number="8">Нижер хІурматги гьабула, ниж хІакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула.</verse>
				<verse number="9">Нижер цІар тІибитІун гьечІо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикІкІуна, амма ниж чІаго рукІин бихьулеб гьечІищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чІвазе кІвечІо.</verse>
				<verse number="10">Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго.</verse>
				<verse number="11">Нижер кІутІбуз, коринфиял, битІараб бицуна нужеда, нижер ракІалги нужее рагьарал руго.</verse>
				<verse number="12">Нижеца гуро нужедаса ракІалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракІалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб.</verse>
				<verse number="13">Дирго лъималазда гІадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракІал рагье нижее.</verse>
				<verse number="14">Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб?</verse>
				<verse number="15">МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев?</verse>
				<verse number="16">Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, — ян абулеб буго БетІергьанас.</verse>
				<verse number="17">— Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге».</verse>
				<verse number="18">Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукІина, — ян абулеб буго Къудратав БетІергьанас».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Нилъее гьедин рагІи кьун бугелъул, дир хириял, хІарамабщиналдаса бацІцІад гьабилин нилъерго черхги рухІги! Аллагьасукьа хІинкъун, гьеб рацІцІалъиги камиллъизабилин! Павел коринфияздаса рази вуго</verse>
				<verse number="2">Нужерго ракІал рагье нижее. Нужер цониги чиясе квешлъи гьабичІо нижеца, цониги чиясул магІишат биххизабичІо, цонигиясдалъун нижгоги бечелъичІо.</verse>
				<verse number="3">Нужеда гІайиб чІвазе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Цебеги абун букІана: нуж нижер ракІазулъ рукІина ниж хваниги-рахъаниги.</verse>
				<verse number="4">Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ!</verse>
				<verse number="5">Гьанире Македониялде рачІараб мехалъ, рахІат-хІалхьи толеб букІинчІо нижее. Кирехун руссаниги, балагь батулаан цебечІун, — къватІисан тІаделъиги, жаниб рекІелъ хІинкъиги.</verse>
				<verse number="6">Язихъал-пакъираздаги кверчІвалев Аллагьас кверчІвана нижеда, Титги гьаниве витІун.</verse>
				<verse number="7">Гьев вачІиналдаса гуребги, нужеца гьесда кверчІванилан бициндалги вохана. Гьес бицана, нуж диде ракІщун ругилан, дандеккунгутІи сабаблъун къварид ругилан, кІудияб гъира-шавкъалда нужеца дир рахъ кколебги бугилан. Дагьавги цІакъ вохана дун гьелдаса.</verse>
				<verse number="8">Дир кагътица нуж пашманлъизарун ратаниги, гьанже дир ракІбухІун гьечІо гьеб хъваялдаса. Доб мехалъ ракІбухІун букІараб батаниги, дида бихьана гьеб кагътица нуж цо дагьабго заманаялъгІаги пашманлъизарураллъи.</verse>
				<verse number="9">Амма гьанже гьелдаса вохун вуго. Нуж пашманлъиялдаса гуроха дун вохун вугев, гьелдалъун нуж кантІиялдасайин. Гьеб пашманлъи Аллагьасдасан бугелъул, нижедасан нужее щибго зарал-зиян ккун гьечІогури.</verse>
				<verse number="10">Аллагьасдасан бугеб пашманлъиялъ кантІизарула, хвасарлъизарула. Гьелдаса ракІбухІизеги кколаро. Амма гьаб дуниялалъул пашманлъиялъ хвалде рачуна.</verse>
				<verse number="11">Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, — гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин.</verse>
				<verse number="12">Дица доб кагъат нужехъе хъван букІаниги, гьеб хъван букІинчІо жиндие зарал гьабурав чи яги жинца зарал гьабурав чи сабаблъун. Гьеб хъван букІана Аллагьасда цебе нижедехун кинаб рокьи нужер бугебали нужедаго бичІчІизе.</verse>
				<verse number="13">Гьелъ нижер ракІбатизабуна. Гьелъ ракІбатизабун ниж ругеб мехалда, дагьабги ракІбатизабуна Титги нужедаса вохун вукІин лъайдал. Гьесул рекІелъа ургъел бачахъун буго нужеца киназго.</verse>
				<verse number="14">Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана.</verse>
				<verse number="15">Нужехъе жив вачІараб мехалда нужер букІараб хІинкъиги, сородиги, мукІурлъиги ракІалде щун, гьанже Титие жеги цІикІкІун рокьулел руго нуж.</verse>
				<verse number="16">Дун вохун вуго тІубанго нужеда божизе бегьулеб букІиналдаса.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Нижее бокьун буго, вацал, Македониялда ругел иман лъуразул агьлуялда Аллагьас баркат лъун бугеблъи нужеда лъазе.</verse>
				<verse number="2">ГІазаб-гІакъуба хІехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цІикІкІана, цІадалдаса хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин.</verse>
				<verse number="3">РакІ разилъун гьез садакъаби кьуна (дир беразда бихьана гьеб) жидеда кІварабгІанги, хІатта гьелдаса цІикІкІунгицин.</verse>
				<verse number="4">Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан.</verse>
				<verse number="5">Нижеда ракІалдацин букІинчІо гьез гьедин абилилан. Гьез жидерго кверщел тІоцебе ТІадегІанасухъе кьуна, цинги Аллагьасул амруялдалъун нижехъеги кьуна.</verse>
				<verse number="6">Гьединлъидал нижеца Титида гьарулеб буго нужер гьениб гьес гьабизе байбихьараб баркатаб иш рагІалде бахъинабейилан.</verse>
				<verse number="7">Нужелъ кинабго гьарзалъун буго: божи-иманги, кІалзул пасихІлъиги, гІелму-лъайги, сундулъго хІаракатги, нижедехун нужер рокьиги. Гьеб баркатаб ишалъулъ щибго камун хутІугеги нуж.</verse>
				<verse number="8">Амру гуро дица гьабулеб бугеб. Цогидазул хІаракаталъулги бицун, дица халгьабулеб буго вацаздехун нужер рокьи унго-унгояб бугищали.</verse>
				<verse number="9">Нужеда лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан щолеб баркат. Бечедав вукІаниги, нужее гІоло мискинлъана гьев, — гьесул мискинлъи сабаблъун нуж бечелъизе.</verse>
				<verse number="10">Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гІакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хІалтІи гьанже рагІалде бахъинабун лъикІ нужеца. Гьеб тІоцебе байбихьарал чагІиги нуж руго, гьеб гьабизе тІоцебе бокьарал чагІиги нуж руго.</verse>
				<verse number="11">Доб мехалда букІараб гІадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагІалде бахъинабе нужеца гьеб иш.</verse>
				<verse number="12">Садакъа кьезе ракІалда бугев чияс гьеб жиндир ресалда рекъон кьейилан абула Аллагьас, рес гьечІони, кьезе кколарила гьес гьеб.</verse>
				<verse number="13">Нужер гьодида бакІаб гьирги лъун, цогидазе бигьалъи гьабизе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Ращалъи букІине кколин абизе бокьун буго дие.</verse>
				<verse number="14">Нужее гьанже щибго гьарзалъун бугеб мехалда, язихъ ругезе нужеца кумек гьабуни битІун букІинарищ? Нуж язихъго ругеб мехалда, гьезие гьарзалъи щвани, гьезги гьабила нужее кумек. Гьеле гьедин ращалъила нуж.</verse>
				<verse number="15">ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІемераб бакІарарасул щибго тІокІлъичІо, дагьаб бакІарарасе щибго камичІо», — ян.</verse>
				<verse number="16">Нужее кумек гьабизе гьединабго гъира-шавкъ Титил рекІелъе лъугьинабурав Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="17">Нижеца гьарараб гьабизе разилъи гуребги, гьесие жиндиегоги цІакъ бокьун буго нужехъе вачІине.</verse>
				<verse number="18">Гьесда цадахъ нижеца витІулев вуго Рохалил хабар тІибитІизабиялъул рахъалъ иман лъуразул киналго жамагІатазда гьоркьов машгьурав нижер цо диналъул вац.</verse>
				<verse number="19">Гьединго иман лъуразул жамагІатаз гьев вищун вуго, гьаб баркатаб иш тІубазабулаго, нижеда цадахъ кидаго сапаразда вукІине. ТІадегІанасул цІар-рецц цІикІкІинабизе ва нужее кумек гьабизе ниж хІадурал рукІин бихьизабизе тІаса вищарав чи вуго гьев.</verse>
				<verse number="20">Гьарзаго щолеб бугеб садакъа нижеда божун тезе бегьуларилан лъицаниги абизе бокьун гьечІо нижее.</verse>
				<verse number="21">ТІадегІанасда цебе гуребги, гІадамазда цебеги гІайиб чІваларедухъ рукІине бокьун буго.</verse>
				<verse number="22">Гьел кІияздаго цадахъ витІулев вуго нижер цоги вацги. БатІи-батІияб ахІвал-хІалалда чанцІулго хІалбихьун лъана нижеда вацазе кумек гьабизе гъира-шавкъалъул цІурав чи гьев вукІин. Гьанже гьесул нужеде божилъи цІикІкІун бугелъул, гьелдаго цадахъ цІикІкІун буго гьесул гъира-шавкъги.</verse>
				<verse number="23">Титил рахъалъ абуни, гьев вуго дир гьалмагъ ва нужее хІалтІулев чи. Цогидал вацалин абуни, гьел руго иман лъуразул жамагІатаз ритІарал чагІи, — МасихІил цІар-рецц цІикІкІинабулел чагІи.</verse>
				<verse number="24">ХІасил, иман лъуразул жамагІатазда бихьизабе нужее гьел чапарзаби рокьараллъи ва нижеца нуж гІадада реццун рукІинчІеллъи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Аллагьасул халкъалъе кумек гьабизе кколеблъи дица хъвачІониги бегьила.</verse>
				<verse number="2">Нужер гъира-шавкъ букІин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хІадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гІемерисезги чода цІал кьабизе.</verse>
				<verse number="3">Гьеб мехалъ нуж хІадурго рукІина, дица цебеги бицун букІана гьелъул хІакъалъулъ. Гьеб ишалъулъ дица нуж реццун абурал рагІаби гІадада ккечІого рукІинелъун ритІулел руго нужехъе гьал диналъул вацал.</verse>
				<verse number="4">Цинги, дида цадахъ македониял гьенире рачІараб мехалъ, нуж хІадурго ратичІони, гьезда цере нуж сурарал гІечІого, нижги сурила, — ракІчІун нужеда божун рукІиндалха.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал дица хІукму гьабуна гьал вацазда гьаризе, дидаса цере гьенире ун, нужеца рагІи кьун букІараб садакъа гьениб цебеккунго бакІареян. Гьеб букІина хІалица бахъараб гуреб, ракІ разилъун кьураб садакъа.</verse>
				<verse number="6">КІочон тоге: лъедерго хьон хьарасе лъедерго бижула, ризго хьарасе ризго бижула.</verse>
				<verse number="7">Щивас кьезе биччай гьесул ракІалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракІбухІуге. РакІ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасда кІола нужее кинабго гьарзалъуледухъ ва садакъаде кьезеги тІокІлъуледухъ баркат рещтІинабизе.</verse>
				<verse number="9">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Мискиназе квергІатІидав вуго Аллагь, гьесул гьеб лъикІлъи гІадамазда абадиялъ кІочон толаро», — ян.</verse>
				<verse number="10">Хуриб хьазе хьонги кваназе хинкІ-чедги кьолес нужееги кьела къваригІарабщинаб. Нужер лъикІлъиялъул хурги цІун бачІина.</verse>
				<verse number="11">Кинабго рахъалъ бечелъила нуж, нужер сахаватлъиги цІикІкІина. Нижедасан нуж ругьунлъараб сахаватлъи сабаблъун гІемерал гІадамаз Аллагьасе рецц гьабила.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина, цІад бан хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин.</verse>
				<verse number="13">Гьеб садакъаялъ бихьизабила нужер божи-иман щулалъун букІин. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе, — нужеца иман лъураб хабаралъе нужер мутІигІлъиялъухъги жидееги цогидазеги нужер квергІатІилъиялъухъги Аллагьасе рецц гьабила гьез.</verse>
				<verse number="14">Нужги рехсон, ракІ-ракІалъго гьари-дугІа гьабила гьез, нужелъ Аллагьасул баркат цІакъго цІикІкІун букІин лъан.</verse>
				<verse number="15">Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб баркат нилъеде рещтІинабулев Аллагьасе рецц!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Нужеда аскІов вугеб мехалъ хІинкъа-къалев, рикІкІалъараб мехалъ бахІарчияв чийилан цо-цояз жиндир хІакъалъулъ абулев дун — Павел — вуго нужедехун кІалъалев.</verse>
				<verse number="2">МасихІил хІеренлъиялъе ва лъикІлъиялъе гІоло гьарулеб буго нужеда, гьениве вачІараб мехалъ бахІарчи вахъинавуге дир! Нужеда лъан букІа: дун гьединав бахІарчияв вукІуна гьал гІадамазул къагІидаялъ ниж хьвадулел ругин абулездехун.</verse>
				<verse number="3">Гьаб дуниялалъул гІадамал ниж ругониги, нижеца гьабулеб рагъ гІадамазул гІадинаб гуро.</verse>
				<verse number="4">Гьеб рагъулъ ниж гІадамазул гІадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб.</verse>
				<verse number="5">Аллагь лъаялде дандечІаразул чІухІи-пахрулъиялъул хъулбиги щущазарула нижеца. Мекъаб-тІекъаб пикру-къасдги асирлъуде босула ва МасихІие мутІигІаблъун лъугьинабула.</verse>
				<verse number="6">Нужер мутІигІлъи камиллъараб мехалъ, ниж хІадурго рукІина мутІигІлъуларевщинасе тамихІ гьабизе.</verse>
				<verse number="7">Нужерго берда цебе бугелъухъ ралагье! Цо лъилниги ракІчІун батани жив МасихІил рахъ ккурав чи вугилан, гьес жиндаго гьикъейин абе гьесдаса дагьищ нижеца МасихІил рахъ кколеб бугебилан.</verse>
				<verse number="8">Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо.</verse>
				<verse number="9">Гьадинал кагътал хъван, дица нуж гІицІго хІинкъизарулел ругилан ракІалде ккоге.</verse>
				<verse number="10">Цо-цояз абулеб рагІула: «Кагътида хъвалеб жо кутакаб ва кьварараб букІуна, амма живго вачІараб мехалъ кІалъан бажаруларо, кІалдиб мацІги сах-саламат хІалтІуларо».</verse>
				<verse number="11">Гьединав чиясда лъан букІаян абе ниж гьенир гьечІеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачІиндалги гьабулеблъи.</verse>
				<verse number="12">Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагІазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гІураб бахІарчилъи гьечІо нижелъ! Жалго гІантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго.</verse>
				<verse number="13">Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хІалалъ гуреб, нижерго роценги цІунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гІорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гІурхъиялъ.</verse>
				<verse number="14">МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца.</verse>
				<verse number="15">Нижер гІорхъи бахун къватІибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цІикІкІинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цІакъго гІатІилъилилан.</verse>
				<verse number="16">Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо.</verse>
				<verse number="17">ТІухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!»</verse>
				<verse number="18">Живго жинцаго тІадегІанлъизавурав чи муъминчилъун рикІкІунаро, БетІергьанас тІадегІанлъизавурав рикІкІуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Дун цодагьав гІантмахІав вугониги, хІехьеха нужеца! ХІехьейилан гьарулеб буго нужеда!</verse>
				<verse number="2">Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе — МасихІие кьезе.</verse>
				<verse number="3">Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан.</verse>
				<verse number="4">Нужехъе вачІун цо лъицаниги бицунеб бугони нижеца жиндир хІакъалъулъ бицун букІарав ГІиса гурев, гьез ГІисайилан абулев цогидав чиясул хабар, нуж гьелда божула; нужеде рещтІараб РухІ гуреб, цогидаб рухІалдаги божула; нужеца иман лъураб гуреб, цогидаб Рохалил хабарги бигьаго къабул гьабула.</verse>
				<verse number="5">«ЧІахІиял чапарзабийилан» рикІкІунел чагІаздаса дун сундалъунниги къадарав гьечІилан ккола дида.</verse>
				<verse number="6">Бицине кІалзул гьунар кІудияб гьечІониги, гІелму-лъай гІезегІанго цІикІкІараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда.</verse>
				<verse number="7">Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тІибитІизабулеб мехалъ, дунго хІакъир гьавун, нуж кІодо гьарун, нужехъа щибго босичІогойилан гІайиб чІвазеги бегьула нужеца!</verse>
				<verse number="8">Иман лъуразул цогидал жамагІатал «талавур гьаруна» дица, нужее кумекалъе гІарацги гьездаса тІалаб гьабун.</verse>
				<verse number="9">Нужер гьенив вугеб заманалда дие гІарац хІажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичІо дица — дие хІажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачІарал вацаз. ГьанжелъагІанги дица нужедаса щибго тІалаб гьабичІо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо.</verse>
				<verse number="10">Гьелдаса бугеб чІухІиги дир рекІелъа, — дилъ бугеб МасихІил ритІухълъиялхІайилан гьедулев вуго дун нужее, — гьеб Ахаялъул киналго бакІазда цониги чиясда бахъизе кІвеларо.</verse>
				<verse number="11">Щай? Дие нуж рокьуларелъулищ? Аллагьасда лъала гьеб.</verse>
				<verse number="12">Дица гьанжелъагІан гьабулеб букІарабщинаб гьанжеялдаса хадубги гьабила, — жидецаги Аллагьасе хъулухъ нижеца гІадин гьабулеб бугилан жалго реццизе бокьарал гІадамалги ругелъул. Амма гьедин жалго реццизе нух кьеларо дица гьезие.</verse>
				<verse number="13">Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел.</verse>
				<verse number="14">Гьелда хІикмалъизе ккеларо! Нуралъул цІурав малаикасухъего хІала илбисги.</verse>
				<verse number="15">РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие!</verse>
				<verse number="16">Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикІкІунге дун гІантмахІав вугилан. Дун гІантмахІав ватаниги, дихъ гІенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин.</verse>
				<verse number="17">Гьанже дица абизехъин бугеб рагІи ТІадегІанасдасан бачІараб гуро. Жидедаго ракІчІун гІабдалзабаз жалго реццулел гІадин, дунго веццизе лъугьун вуго.</verse>
				<verse number="18">Гьаб дуниялалъул ишаздаса чІухІун, гІемерисез жалго жидецаго реццулел гІадин, дицаги веццила дунго.</verse>
				<verse number="19">Гьединалго гІакъилал гІадамаллъидал нужги, гІабдалзаби нужеца рази-ракиго хІехьолел руго.</verse>
				<verse number="20">Нужеца хІехьолеб буго гьез нуж лагълъиялде ккезаруниги, гьез нуж талавур гьаруниги, гьез нужеда тІад кверщел гьабуниги, гьел нужедехун гІамалкІодого ругониги, гьез нужер гьурмалъ хъатал ралел ругониги.</verse>
				<verse number="21">Гьединал ишазе, гьезул гІадин, нижер гьунар рекъечІилан нечезейищха ниж кколел? Сундасаниги чІухІун живго веццизе кІолев чи цониги ватани, дидаги кІола гьелдаса чІухІун дунго веццизе. (ГІантмахІав чи гІадин кІалъалев вуго дун гьанив!)</verse>
				<verse number="22">ЖугьутІал рукІани щиб гьел? Дунги жугьутІав вуго. Исраилил наслу букІани щиб? Дунги гьебго наслуялъул вуго. Ибрагьимил зурият букІани щиб? Дунги гьеб зурияталъул вуго.</verse>
				<verse number="23">МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана.</verse>
				<verse number="24">ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби.</verse>
				<verse number="25">Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана.</verse>
				<verse number="26">ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи...</verse>
				<verse number="27">ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел...</verse>
				<verse number="28">ТІаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тІаде бегун буго иман лъуразул тІолалго жамагІатазул тІалаб-агъазги.</verse>
				<verse number="29">Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, — цІа рекІунарищ дида?</verse>
				<verse number="30">Дунго веццизе ккани, дирго загІиплъи беццила дица.</verse>
				<verse number="31">ТІадегІанав ГІисал Эмен — Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечІолъи.</verse>
				<verse number="32">Дамаскалда Арета парччахІасул сардарас шагьаралъул киналго кавабазухъ хъаравуллъи чІезабун букІана дун кквезе,</verse>
				<verse number="33">амма дун шагьаралъул къадалъ бугеб картІинисан гьагьинивги лъун гъоркье виччана ва гьесдаса хвасарлъана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Диего рецц-бакъ гьабизе кколеб буго — дие пайда гьечІониги, гьанже бицинин ТІадегІанасдасан рукІарал илгьамазулги церетІамиязулги.</verse>
				<verse number="2">Дида лъала МасихІиде цолъарав цо чи. Гьанжеялдаса анцІила ункъо соналъ цеве лъабабилеб зодове восун ун вукІана гьев. (Черхгун цадахъищ — дида лъаларо, гІицІго рухІищ — гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.)</verse>
				<verse number="3">[3-4] Дида лъала гьев чи алжаналъуве вачун ун вукІаравлъи. (Черхгун цадахъищ — дида лъаларо, гІицІго рухІищ — гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) Гьениб гьесда рагІана лъицаниги абичІел ва инсанас абизеги бегьуларел рагІаби.</verse>
				<verse number="4"></verse>
				<verse number="5">Гьединав чиясда рекъараб буго живго веццизе, дида рекъараб гьечІо, дирго загІиплъи беццани гурони.</verse>
				<verse number="6">Дунго веццизе байбихьаниги, гІантмахІавлъун лъугьинаро дун, дица битІараб бицунелъул. Дир хІакъалъулъ рагІарабги дилъ бихьарабги гурони гІадамаз бицине бокьун гьечІелъул, диего рецц-бакъ гьабиларо дица.</verse>
				<verse number="7">Диеги илгьамал лъугьанилан дун цІакъго чІухІдарунгутІизе, Аллагьас дир чорхолъ къазабун буго гІазаб-гІакъубаялъул заз. Гьеб ккола илбисалъул чапар. ЧІухІдарунгутІизелъун дун вухизе изну кьун буго Аллагьас гьев чапарасе.</verse>
				<verse number="8">Дица лъабцІулго гьарана ТІадегІанасда, гьев тІаса восейилан.</verse>
				<verse number="9">Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе.</verse>
				<verse number="10">МасихІие гІоло загІиплъизеги, инжит-хІакъир гьавизеги, захІмалъи баччизеги, хадурчІун дир рахІат хвезабулезул гІазаб-гІакъуба хІехьезеги рази вуго дун, — загІиплъараб мехалълъидалха дун къуватавлъун лъугьунев.</verse>
				<verse number="11">ГІантмахІав чияс гІадинал жал рицунел руго дица. Нужеца рицинаруна дида гьел. Нужедани лъазе кколаан дун кинав чи вугевали. Дунго щивго гурев чи вугониги, гьел «чІахІиял чапарзабаздаса» сундалъунниги къадарав гьечІо.</verse>
				<verse number="12">Нужее загьирлъун рукІана хІакъав чапар вукІин лъазабулел жал: сундулъго сабру, мугІжизатал, гІаламатал ва Аллагьасдасан рещтІараб къуватги.</verse>
				<verse number="13">ГІарац кьейилан нужер гьодиде гьир бегизабичІолъи гурони, иман лъуразул цогидал жамагІатазе гьабуралдаса батІияб мекъаб-тІекъаб жо щиб дица нужее гьабураб? Гьеб рехсараб «гІайиб» кканин, тІасалъугьа дидаса!</verse>
				<verse number="14">Гьанже дида ракІалда буго лъабабизеги нужехъе вачІине. Гьебмехалдаги нужер гьодиде гьир бегизабиларо дица, нужераб гуро дие къваригІун бугеб, нужго къваригІун руго. Лъималаз гуро эбел-инсуе нахърател гьабизе кколеб, эбел-инсуца лъималазейин.</verse>
				<verse number="15">Дун рази вуго дир бугебщинабги нужее кьезе, дунгоги кьезе. ГьадигІан цІакъ дие нуж рокьулеб мехалъ, нужее дун дагьго вокьизе бегьилищ?</verse>
				<verse number="16">Нужедаго лъалагури, щибниги гьарун дица нужеда захІмат баччизабичІолъи. Амма цо-цояз абизе бегьула сихІирго хІалтІун хІиллаялъ кверде росанин дица нужилан.</verse>
				<verse number="17">Дица нужехъе ритІаразул цоясдасангІаги щибниги щварабищ дир бетІербахъиялъе?</verse>
				<verse number="18">Дица Титида гьарана нужехъе айилан ва гьесда цадахъ цо вацги витІана. Титица бегьарабищ нужер кисинибе квер? Цого Илагьияб РухІалъ малъухъе гурищ дунги гьевги хьвадулел ругел? Цого галаби гурищ нижеца тІамулел ругел?</verse>
				<verse number="19">Гьаб кагъат цІалулаго нужеца пикру гьабун батила нужеда цере нижго ритІухъ гьаризе лъугьунел ругин нижилан. Аллагьасда цере МасихІиде цолъун кІалъалел руго ниж. Нужер гІумру берцин гьабизе гІоло буго, дир хириял, гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="20">Дун хІинкъун вуго, — нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго.</verse>
				<verse number="21">Гьанжеги нужехъе вачІараб мехалъ нуж сабаблъун дир Аллагьас дун гІодовегІанлъизе гьавилиланги хІинкъун вуго. Гьебмехалда нужер гІемерисезда хадуб (хваразда хадуб гІадин) магІу гьабизе ккела дица. Гьел рукІина адаб гьечІолъи, пасалъи, хъахІбалъи гІадинал мунагьал гьаруниги, жал кантІичІел, гьел рехун течІел гІадамал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Лъабабилеб нухалдаги вачІинехъин вуго дун нужехъе. ТІухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи».</verse>
				<verse number="2">КІиабилеб нухалъ вачІараб мехалдаги лъазабун букІана, гьанже нужедаса рикІкІад вукІаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течІезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхІел букІине гьечІилан.</verse>
				<verse number="3">Нужеца тІалаб гьабулеб буго дун МасихІил кІалдисан кІалъалев вукІин чІезабейилан. МасихІ нужее загІипавлъун гуро загьирлъун вугев, нужеда гъорлъ жиндирго къуват бихьизабулеб буго гьес.</verse>
				<verse number="4">ХІакъикъаталдаги загІипав вукІана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чІаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загІипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чІаго рукІина.</verse>
				<verse number="5">Нужер иман щулалъун бугищали хІалбихье. ГІиса МасихІ нужелъги вукІин бичІчІулеб гьечІебищ нужеда? Гьеб бичІчІулеб батичІони, Аллагь разилъун гьечІо нужедаса.</verse>
				<verse number="6">Нижедаса Аллагь разилъун вукІин нужеда лъалилан хьул буго нижер.</verse>
				<verse number="7">Нижеца Аллагьасда гьарула нуж квешлъи гьабизе риччагейилан. Нижедаса Аллагь разилъун вукІин чІезабизе гуребха нижеца гьеб гьарулеб. Нужеца лъикІлъи гьабуни гІела нижее, нижедаса Аллагь разилъун гьечІилан нужеда ракІалде кканиги.</verse>
				<verse number="8">ХІакъабщиналде данде къеркьезе гуреб, гьелъие гІоло къеркьезейин нижелъ къуват бугеб.</verse>
				<verse number="9">Ниж загІиплъун ругони, нужелъ къуват цІикІкІани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикІаб рахъалде рачейилан буго.</verse>
				<verse number="10">ГІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачІун кьварараб тамихІ гьабизе ккунгутІизейин гьанив вукІун хъвалеб бугеб дица гьадин.</verse>
				<verse number="11">Кагътил ахиралдаги — роха-хинлъун рукІа, вацал, битІараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагІи данде ккезабе, рекъа-решон рукІа, — рекъелги рокьиги рещтІинабулев Аллагьас рехун теларо нуж!</verse>
				<verse number="12">Иман лъуразул агьлуялъ гІадин цоцазда баун салам гьабе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъулги салам буго нужеде.</verse>
				<verse number="13">[13-14] ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІобги Аллагьасдасан рокьиги даимго хутІаги нужелъ. Илагьияб РухІалъ цолъизареги нуж.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="48">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">[1-2] ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен — Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде.</verse>
				<verse number="2"></verse>
				<verse number="3">Нилъер Эмен — Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="4">Гьаб гІасияб гІасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, ГІиса МасихІица живго рецІалие кьуна.</verse>
				<verse number="5">Нилъер Эмен — Аллагьасе абадул абадиялъго реццги цІарги! Амин!</verse>
				<verse number="6">Дун хІикмалъун вуго МасихІил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахІарав Аллагь нужеца гьадигІан хехго рехун тедал. Нуж батІияб «рохалил хабаралде» руссун руго,</verse>
				<verse number="7">хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе.</verse>
				<verse number="8">Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, — абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе.</verse>
				<verse number="9">Нижеца цебеги абун букІана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батІияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагІана батаги!</verse>
				<verse number="10">Дидаса гІадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. ГІадамазда дунго лъикІ вихьизеги гуро. Цебего гІадин, гІадамазда лъикІ вихьизе жал дица гьарулел рукІаралани, дун МасихІил лагълъун вукІинароан.</verse>
				<verse number="11">Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро.</verse>
				<verse number="12">Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна.</verse>
				<verse number="13">Нужеда рагІанагури, жугьутІ диналда дун вукІараб мехалъ, дица гьарулел рукІарал жалазул хІакъалъулъ, — Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гІасиго гІазаб-гІакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан.</verse>
				<verse number="14">ЖугьутІ диналда вукІараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гІемерал гІелбащадаздаса. ЦІакъго-цІакъ цІунулел рукІиндалха дица дирго умумузул гІадатал!</verse>
				<verse number="15">Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас</verse>
				<verse number="16">дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо.</verse>
				<verse number="17">Дидаса цере чапарзабилъун лъугьарал гІадамал рихьизе Иерусалималдеги инчІо дун. Дун ана гІарабиязул ракьалде, цинги Дамаск шагьаралде тІадвуссана.</verse>
				<verse number="18">Гьелдаса хадуб лъабго лъагІел сверидал, дун, Кефа вихьизе бокьун, Иерусалималде ана. Гьесда аскІоб дица анцІила щуго къо бана.</verse>
				<verse number="19">ТІадегІанав ГІисал вац Якъуб гурони, цогидал чапарзаби дида рихьичІо.</verse>
				<verse number="20">ХІакъал рагІаби руго гьал дица нужехъе хъвалел. Аллагьасда лъала дица гьереси бицунеб гьечІеблъи.</verse>
				<verse number="21">Цинги дун ана Сириялъул ва Киликиялъул ракьалде.</verse>
				<verse number="22">Гьеб заманалда дун жеги вихьун вукІинчІо МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазда.</verse>
				<verse number="23">ГІицІго цогидаз бицун лъалеб букІана гьезда цеве нилъеда дандечІун вукІарав чияс гьанже тІибитІизабулеб бугин доб мехалда жинца щущахъ биххизабизехъин букІараб дин.</verse>
				<verse number="24">Дие ккарабщинабги рагІун, гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Цинги анцІила ункъо соналдасан Барнабада цадахъ нахъеги Иерусалималде ана дун, Титги цадахъ вачана.</verse>
				<verse number="2">Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.</verse>
				<verse number="3">Дида цадахъ вукІарав Титцин, гьев грекав вукІаниги, сунат гьабизе лъицаниги тІамичІо гьенив.</verse>
				<verse number="4">Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчІулел рукІана, МасихІ ГІисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун.</verse>
				<verse number="5">Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие.</verse>
				<verse number="6">Амма къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз, — дие батІалъи гьечІо гьел щал рукІун ратаниги, гьурмахъ балагьун иш гьабуларелъулха Аллагьас, — къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз щибго тІаде жубачІо дица лъазабулеб букІаралде.</verse>
				<verse number="7">Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин.</verse>
				<verse number="8">ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда.</verse>
				<verse number="9">Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине.</verse>
				<verse number="10">Гьез цохІо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кІочон тогеян, — гьелъиени дица кидагоги хІаракат бахъула!</verse>
				<verse number="11">Амма Пётр Антиохиялде вачІараб мехалъ, гІадамазда цеве гьесда дандечІун кІалъазе вахъана дун, гьениб гьес гьабидалха гІайиб чІвазе ккараб иш.</verse>
				<verse number="12">Якъубица ритІарал гІадамал гьенире рачІиналде гьев кваналаан мажусиязда гьоркьоса иман лъуразда цадахъ гІодовги чІун. Гьел рачІун хадуса гьес байбихьана, жугьутІазда гьоркьоса иман лъураз жиндаго гІайиб чІвалилан хІинкъун, дозда аскІоса ватІалъизе.</verse>
				<verse number="13">Гьесда цадахъ гьебго жо хІазе лъугьана цогидал жугьутІалги. ХІатта Барнабагицин лъугьана гьезухъего хІазе!</verse>
				<verse number="14">Рохалил хабаралъул хІакъикъияб нухдаса гьел кьурулел рукІин бихьидал, киналго ругеб бакІалда дица Кефада абуна: «ЖугьутІав вугониги, мун цогидал халкъазул гІадамал гІадин хьвада-чІвадулев вуго. Дуца цогидал халкъазул гІадамал щай тІамулел ругел жугьутІазухъего хьвадизе?» — ян.</verse>
				<verse number="15">«Мунагьазул цІурал мажусияллъун» гурел, жугьутІаллъун рижун руго ниж.</verse>
				<verse number="16">Амма нилъеда лъала Аллагьасда цеве инсан, Къанун цІуниялдалъун гурев, цохІо ГІиса МасихІиде бугеб божи-иманалдалъун ритІухълъулевлъи. Нилъеца ГІиса МасихІиде иман лъуна, — Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун гуреб, МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьун. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун цониги инсан ритІухълъуларо.</verse>
				<verse number="17">МасихІидеги цолъун, Аллагьасда цере ритІухълъизе нилъеца хІаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагІилъун лъугьунел ругони, — МасихІги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магІна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро!</verse>
				<verse number="18">Дицаго биххизабунщинаб жо цІидасан гьабизе лъугьани, Мусал Къанун хвезабурав такъсирчилъун лъугьинавила дица дунго.</verse>
				<verse number="19">Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чІвана Аллагьасе гІоло дица гІумру гьабизе. МасихІида цадахъ хъанчида варав чийин дунги.</verse>
				<verse number="20">Гьединлъидал дун тІокІалъ чІаго гьечІо, амма дилъ МасихІ чІаго вуго. ГьабсагІат дир бугеб гІумру — гьеб буго Аллагьасул Васасде иман лъеялдалъун щвараб гІумру. Гьесие дун вокьана ва жиндирго гІумруги гьес дие кьуна.</verse>
				<verse number="21">Аллагьасул баркаталдаса дица инкар гьабуларо. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун Аллагьасда цеве ритІухълъизе инсанасда кІолеб бугони, МасихІил хвел гІададисеб буго!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал.</verse>
				<verse number="2">Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ?</verse>
				<verse number="3">ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб?</verse>
				<verse number="4">Нужеда тІаде ккараб хІалбихьиги хІехьараб къварилъиги гІададайищха ккараб? ГІадада ккезе бегьилищ гьеб!</verse>
				<verse number="5">Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ — Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал?</verse>
				<verse number="6">Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана.</verse>
				<verse number="7">Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритІухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, ТІехьалда хъван букІана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан.</verse>
				<verse number="9">Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат.</verse>
				<verse number="10">Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола».</verse>
				<verse number="11">Гьелдасан бичІчІула Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритІухъавлъун рикІкІунаревлъи. Хъван буго: «ВацІцІадав инсан божи-иманалдалъун чІаго хутІила».</verse>
				<verse number="12">Божи-иманалдасан гуро Къанун бачІун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила», — абун.</verse>
				<verse number="13">Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго».</verse>
				<verse number="14">Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагІи кьун букІараб баркат МасихІ ГІисадалъун халкъазе щвезе гІоло ва Аллагьас къотІи гьабун букІараб РухІ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гІоло.</verse>
				<verse number="15">Гьале, вацал, нужее гІадамазул гІумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечІо.</verse>
				<verse number="16">Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ.</verse>
				<verse number="17">Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ.</verse>
				<verse number="18">Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс — гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон.</verse>
				<verse number="19">Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана.</verse>
				<verse number="20">Гьоркьохъан вукІуна кІигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохІо вуго!</verse>
				<verse number="21">Щибха гьаниб кколеб бугеб — Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере.</verse>
				<verse number="22">ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, — ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло.</verse>
				<verse number="23">Божи-иман рещтІинегІан ниж жанир тІамун рукІана, Къануналъ хъаравуллъиги чІезабун. Гьедин хутІана божи-иман загьирлъизегІан.</verse>
				<verse number="24">Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, — Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе.</verse>
				<verse number="25">Божи-иман рещтІун хадуса ниж хутІичІо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь.</verse>
				<verse number="26">МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги.</verse>
				<verse number="27">МасихІидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва МасихІ нужее цІияб ретІеллъунги лъугьана.</verse>
				<verse number="28">Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби — нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун.</verse>
				<verse number="29">МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Дица гьадин абила: гьитІинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукІуна, жиндирго бечелъиялъул бетІергьан вугониги.</verse>
				<verse number="2">Инсуца цІараб болжалалде щвезегІан гьев вукІуна къайимзабазулги рукъалъул иш тІадкъаразулги кверщаликь.</verse>
				<verse number="3">Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь.</verse>
				<verse number="4">Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев —</verse>
				<verse number="5">Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине.</verse>
				<verse number="6">Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул РухІ нилъер ракІазулъе рещтІинабуна, ва гьеб РухІалъ ахІулеб буго: «Абба! Я дир Эмен!» — абун.</verse>
				<verse number="7">Гьединлъидал тІокІалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун.</verse>
				<verse number="8">Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, — гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж.</verse>
				<verse number="9">Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел?</verse>
				<verse number="10">Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал.</verse>
				<verse number="11">Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан.</verse>
				<verse number="12">Дица нужеда цІакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичІо.</verse>
				<verse number="13">Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала.</verse>
				<verse number="14">Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин.</verse>
				<verse number="15">Доб мехалда нужер ракІазулъ букІараб талихІ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракІчІун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие.</verse>
				<verse number="16">ХІакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав?</verse>
				<verse number="17">Гьал цогидал гІадамал рекІелъ квешал къасдалгун хурхун чІун руго нужеда, нуж дидаса ратІа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чІезе.</verse>
				<verse number="18">Гьедин (дун нужеда аскІов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чІей лъикІаб иш бугоан, лъикІал къасдалгун бугебани гьеб.</verse>
				<verse number="19">Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан.</verse>
				<verse number="20">Дие цІакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукІине, батІияб къагІидаялъ нужгун кІалъазе. Дун нужеда хІинкъун вугелъулха!</verse>
				<verse number="21">Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутІизе бокьарал гІадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагІарабищ нужеда?</verse>
				<verse number="22">Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукІана кІиго вас — лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав — цогидав.</verse>
				<verse number="23">Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна — Аллагьас рагІи кьун букІиндал.</verse>
				<verse number="24">Гьелъулъ буго магІна гъваридаб гІаламат: гьей кІияйго чІужугІадан ккола Аллагьасул кІиго къотІи.</verse>
				<verse number="25">ГІарабустаналда бугеб Синай магІардасан бачІараб къотІиялъул гІаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикІаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, — гьебги гьелъул гІадамалги лагълъиялда руго.</verse>
				<verse number="26">Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго.</verse>
				<verse number="27">ТІехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чІужугІадан, йоха-хинлъун йикІа мун. Лъимадул хІара чІван унти лъачІей мун йохун ахІдезе-чІчІичІчІидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цІикІкІун руго рехун таралъул лъимал».</verse>
				<verse number="28">Нужни, вацал, ИсхІакъго гІадин, Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьарурал лъимал руго.</verse>
				<verse number="29">Цогидалго гІадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букІана Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги.</verse>
				<verse number="30">ТІухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе».</verse>
				<verse number="31">Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна МасихІица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чІа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге.</verse>
				<verse number="2">Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо.</verse>
				<verse number="3">Цоги нухалъ лъазабулеб буго дица: сунат гьабулевщинав чияс тІолабго Къанун цІунизе ккола.</verse>
				<verse number="4">Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьарал нуж МасихІидаса ратІалъана. Баркаталдасаги тІуна нуж.</verse>
				<verse number="5">Нилъер хьул буго Аллагьасда цере ритІухълъилилан. Божулел ругелъулин нилъ гьелъухъ ралагьун чІолел.</verse>
				<verse number="6">МасихІидехун цолъаразе амрулъун кколаро сунат гьаби ялъуни гьабичІого тей. Амма гьезие амру ккола цоцазе рокьиялдалъун загьирлъулеб божи-иман.</verse>
				<verse number="7">Нужер чу лъикІго бекерулеб букІана, — хІакъабщиналда божизе лъицаха нужее квалквал гьабулеб бугеб?</verse>
				<verse number="8">Нуж жиндихъего ахІарав Аллагьасдасан бачІараб жо гуро нужер пикру хисизабизе гьез бахъулеб хІаракат.</verse>
				<verse number="9">ГьитІинаб ицица тІубараб тІимугъ кванала.</verse>
				<verse number="10">Амма дир ракІчІола, ТІадегІанав ГІисадехунги цолъун, нужеца батІияб пикру гьабиларилан. Нуж ита-таризе гьарулев чиясе, щив гьев вукІаниги, Аллагьас суд гьабила.</verse>
				<verse number="11">Дирго рахъалъ абуни, вацал, дица цебе гІадин малъулеб бугеб батани сунат гьабизе кколилан, щиб сабаблъунха дие гьанжеги гІакъуба кьолеб бугеб? Гьеб гьедин букІарабани, МасихІ жинда тІад вигъараб хъанчил хІакъалъулъ дир вагІзаялъ гьезул ццин бахъинабилароан.</verse>
				<verse number="12">Дие бокьилаан нуж итизе-таризе гьарулел ругел гьел гІадамал, жидецаго жидерго лугбиги къотІун, гІайиблъизе!</verse>
				<verse number="13">Нуж руго, вацал, эркенго рукІине Аллагьас тІаса рищарал чагІи. Амма гьеб эркенлъиялдаса нужеца пайда босуге нужерго напсалъул гьаваялда нахърилълъине. Цоцазде бугеб рокьиги тІезе биччаге, вацал, цоцазул лагъзаллъунги рукІа!</verse>
				<verse number="14">ТІолабго Къануналъул магІна буссун бугелъулха цохІо амруялде: «Мунго дуего гІадин вокье дуде гІагарав чиги».</verse>
				<verse number="15">Нужго нужедаго хІанчІелел ва цоцаца кваналел ругони, цоцаца кванан лъугІизе гурин нуж.</verse>
				<verse number="16">Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде РухІалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда.</verse>
				<verse number="17">Напсалъе бокьула РухІалъе тушманабщинаб, РухІалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. РухІги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекІее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа.</verse>
				<verse number="18">РухІалъ малъараб гьабулеб бугони, Къануналъул кверщаликь рукІунаро нуж.</verse>
				<verse number="19">Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахІбалъи, хъублъи, пасалъи,</verse>
				<verse number="20">гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи,</verse>
				<verse number="21">жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо.</verse>
				<verse number="22">РухІалъ инсанасе босун бачІуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикІлъи, ракІлъикІлъи, божизе бегьи,</verse>
				<verse number="23">хІалимлъи, жиндаго квелъ базе бажари. Гьел сабаблъун лъиениги тамихІ гьабуларо.</verse>
				<verse number="24">МасихІ ГІисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тІад бигъараб гІадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна.</verse>
				<verse number="25">Нилъее гІумру РухІалъ кьун бугелъул, нилъ хьвадизе ккела РухІалъ малъухъе.</verse>
				<verse number="26">РачІа нилъ рецц-бакъалда хадур лъугьинарин, цоцазул ракІхвезабун къацандиларин ва нилъеца цоцаздехун жахІдаги гьабиларин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Я дир вацал, цо чияс кинаб бугониги мунагь гьабун букІин лъани, РухІалъ малъухъе хьвадулел ругелъул нуж, хІалимго-хІеренго битІараб нухде ваче нужеца гьев. Вореха, нужгоги къосине гурин.</verse>
				<verse number="2">Цоцазул раччи бачче нужеца ва гьедин МасихІил къанунги цІуне.</verse>
				<verse number="3">Цо лъиданиги ракІалде кколеб бугеб батани, щивго гурев жоги вукІаго, жив щивнигийилан, гьес живго гуккулев вуго.</verse>
				<verse number="4">Щивав чияс хал гьабизе ккола жиндирго ишазул. Гьел ишал лъикІал ругони, цогидазул ишазул пикруги гьабичІого, гьездаса разилъизе бегьила гьев.</verse>
				<verse number="5">Щивас жиндирго гьир баччизе кколелъулха!</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул рагІи тІалаб гьабулев вугев чияс жиндиего щвараб боцІи-рикъзи бикьун кьезе ккола гьеб малъулев насихІатчиясеги.</verse>
				<verse number="7">Къосине чІоге нуж: лъиданиги кІоларо Аллагь гуккизе! Бекьараб гурони хуриб бижуларо.</verse>
				<verse number="8">Напсалъе бокьулеб бекьарасе напсалъул хуриб хвел бижула; РухІалъе бокьулеб бекьарасе РухІалъул хуриб абадияб гІумру бижула.</verse>
				<verse number="9">ЛъикІлъи гьабулаго нилъ ракІ гІодоб чІван рукІинарин. ТІадчІун хІалтІани, нилъер хуриб хІалухъен жиндир заманалда бижила.</verse>
				<verse number="10">Гьанже, рес букІаго, лъикІлъи гьабилин, хасго нилъерго диналъул агьлуялъе.</verse>
				<verse number="11">Балагье дирго квералъ гьел рагІаби кигІан чІахІиял хІарпаздалъун нужехъе хъван ругелали.</verse>
				<verse number="12">ГІадамазда жалго лъикІ рихьизе бокьулез нуж сунат гьабизе тІамизе хІаракат бахъулеб буго, МасихІил хъанчидалъун жидее гІазаб-гІакъуба щунгутІизелъун.</verse>
				<verse number="13">Сунат гьабиялъул рахъ кколез жидецагоги тІубазабуларо Къануналъ абулебщинаб. Гьезие бокьун буго нуж сунат гьабизе тІамизе, балагье нужги напсалъе мутІигІлъулел ругилан чІухІдаризе гІоло.</verse>
				<verse number="14">Диени киданиги сундасаниги чІухІизе бокьиларо, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хъанчидаса гурони! Гьеб хъанчида тІад бигъун хвана дие гІаламги гІаламалъе дунги.</verse>
				<verse number="15">Сунат гьабиялъулъ яги гьабунгутІиялъулъ гуро иш бугеб, цІияб вижиялдалъун вижун вукІиналъулъин.</verse>
				<verse number="16">Гьеб амруялда рекъон хьвадулелщиназде рекъелги баркатги рещтІаги ва Аллагьас тІаса бищараб тІолабго халкъалдеги рещтІаги.</verse>
				<verse number="17">Гьанжеялдаса нахъе лъицаниги кьоге дие гІакъуба, дир черхалда ругелъулха ГІисада лъурал ругънал!</verse>
				<verse number="18">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги, вацал, нужер рухІазда. Амин!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="49">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">ГІиса МасихІил чапарлъун вукІине Аллагьас витІарав Павелил рахъалдасан салам буго Эфесалда ругел диналъул вацазде — МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъаразде ва ритІухълъаразде.</verse>
				<verse number="2">Нилъер Эмен — Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="3">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен — Аллагьасе рецц! МасихІиде цолъарал нилъеда баркат лъун зобалаздасан лъикІабщинаб рещтІинабуна гьес нилъеде.</verse>
				<verse number="4">Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе.</verse>
				<verse number="5">Аллагьасул къадар букІун буго ГІиса МасихІидалъун нилъ жиндирго лъималлъун лъугьинаризе. ЛъикІлъи гьабизе бокьидалин Аллагьас гьедин гьабураб!</verse>
				<verse number="6">Аллагьасе рецц — жиндиего вокьулев Васасдалъун гьес нилъеде баркатги нурги рещтІинабидал!</verse>
				<verse number="7">[7-8] Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад.</verse>
				<verse number="10">Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда.</verse>
				<verse number="11">МасихІ сабаблъун Аллагьас нилъ тІаса рищана жиндирго халкълъун рукІине. Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букІана</verse>
				<verse number="12">гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. ТІоцебе МасихІиде хьул лъурал гІадамал ниж ругелъулха!</verse>
				<verse number="13">Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана.</verse>
				<verse number="14">Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цІар-рецц гІемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букІиналъул гІаламатлъун буго гьеб Илагьияб РухІ.</verse>
				<verse number="15">Гьединлъидал, ТІадегІанав ГІисаде нужеца иман лъунин рагІаралдаса ва иман лъуразул агьлуялдего нужер рекІелъ рокьи букІинги лъаралдаса хадуб,</verse>
				<verse number="16">дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула.</verse>
				<verse number="17">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эменлъун вугев къудратав Аллагьас нужеде рещтІинабеги гІакъиллъи щвезабулеб ва балъгоябги загьирлъулеб РухІ. Гьелъ рачина нуж Аллагь лъаялде.</verse>
				<verse number="18">Аллагьас нужер рекІедаги канлъи бихьизабеги. Гьебмехалда бичІчІила сунде хьул лъезе нуж гьес ахІулел ругелали, иман лъуразул агьлуялъе гьесул илагьияб ирсги кигІан бечедаб бугебали.</verse>
				<verse number="19">Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб гьесул къуват нилъелъ, жиндир къудраталдалъун иман лъуразулъ, букІинги бичІчІила.</verse>
				<verse number="20">Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав.</verse>
				<verse number="21">Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги.</verse>
				<verse number="22">Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна.</verse>
				<verse number="23">МасихІил Черхлъун ккола гьеб агьлу. Кинабго камиллъизабулес камиллъизабула гьебги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагІийин нужги рукІарал.</verse>
				<verse number="2">Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес.</verse>
				<verse number="3">Гьединал гурищ нилъ киналго рукІарал! Нилъерго гьаваялдаги квешал къасдаздаги хадур ун, чорхоеги рекІееги бокьанщинаб гьабулаан нилъеца. Гьеб тІабигІат сабаблъун, цогидазего гІадин, Аллагьасул ццин бахъин насиблъун букІана нилъееги.</verse>
				<verse number="4">Амма Аллагь цІоб гІатІидав вуго! Нилъедехун бугеб кІудияб рокьиялдалъунин</verse>
				<verse number="5">мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ.</verse>
				<verse number="6">[6-7] ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна.</verse>
				<verse number="7"></verse>
				<verse number="8">Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин.</verse>
				<verse number="9">Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, — гьелдаса чІухІуге щивниги.</verse>
				<verse number="10">Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, — цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун.</verse>
				<verse number="11">ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги.</verse>
				<verse number="12">Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал.</verse>
				<verse number="13">Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, — нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун.</verse>
				<verse number="14">Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна.</verse>
				<verse number="15">КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, — жиндирго черхги къурбанлъун гьабун.</verse>
				<verse number="16">Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги.</verse>
				<verse number="17">ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги.</verse>
				<verse number="18">Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине.</verse>
				<verse number="19">ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго.</verse>
				<verse number="20">Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго.</verse>
				<verse number="21">Гьелда тІад чІурканго балеб буго тІолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ.</verse>
				<verse number="22">Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьединлъидалин нужее — цогидал халкъазул гІадамазе — гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун.</verse>
				<verse number="2">Гьайгьай, нужеда рагІун батила нуж гІуцІа-къазе кигІан кІудияб тІадкъай жиндирго цІобалдалъун Аллагьас дие кьурабали.</verse>
				<verse number="3">Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана.</verse>
				<verse number="4">Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали.</verse>
				<verse number="5">Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги.</verse>
				<verse number="6">Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана.</verse>
				<verse number="7">Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе.</verse>
				<verse number="8">Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине</verse>
				<verse number="9">ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе.</verse>
				<verse number="10">Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи.</verse>
				<verse number="11">Жиндирго абадияб хІукму Аллагьас тІубазабуна нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун.</verse>
				<verse number="12">Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере.</verse>
				<verse number="13">Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел.</verse>
				<verse number="14">ХІасил, Инсуда цеве накабазда чІун вуго дун.</verse>
				<verse number="15">Зоб-ракьалда ругелщиназе чІаголъи гьесул цІаралдасан бачІараб буго.</verse>
				<verse number="16">Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан,</verse>
				<verse number="17">иман лъеялдалъун МасихІ нужер рекІелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучІлъунги лъугьаги.</verse>
				<verse number="18">Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе — гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе.</verse>
				<verse number="19">Лъазего кІолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, — Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине.</verse>
				<verse number="20">Жинда гьаризе нилъеда кІолелдасаги, хІатта нилъеда ракІалде кколелдасаги гІемерго цІикІкІарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц!</verse>
				<verse number="21">ГІиса МасихІил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан.</verse>
				<verse number="2">ЧІухІи-пахрулъи чІвараллъун, гІодоре риччараллъун рукІа. Цояз цоял хІехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде.</verse>
				<verse number="3">Ракълил рахсица цоцаздехун рухьун, хІаракат бахъе РухІалъ кьураб цолъи нужелъго цІунизе.</verse>
				<verse number="4">ЦохІого Черхги, цохІого РухІги, Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, цохІого хьулги,</verse>
				<verse number="5">цохІого ТІадегІанавги, цохІого божи-иманги, цохІого мунагьал чуриги,</verse>
				<verse number="6">киназулго Эмен — цохІого Аллагьги. Нилъ киназдасаго тІадегІанав вуго гьев, нилъер киналго ишазулъги вуго, нилъ киназулъгоги вуго.</verse>
				<verse number="7">Амма нилъее киназегоги щивасеги щун буго батІи-батІияб гьунар — МасихІица кьураб сайигъаталъул хасаб бутІа.</verse>
				<verse number="8">Гьединлъидал ТІухьдузда хъван буго: «Гьев тІадегІан вахана, гьес гІемерал асирал рачун рачІана, гІадамазе сайигъатал рикьана».</verse>
				<verse number="9">ТІадегІан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукІун вуго.</verse>
				<verse number="10">Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукІаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб?</verse>
				<verse number="11">Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, —</verse>
				<verse number="12">Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва МасихІил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гІадин щулалъизабизе.</verse>
				<verse number="13">Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее.</verse>
				<verse number="14">Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз.</verse>
				<verse number="15">РекІелъ рокьигун битІараб бицани, нилъ кІудиял гІела, сундулъго МасихІиде гІагарлъила. Гьев вуго бетІер!</verse>
				<verse number="16">БетІералъин чорхол киналго лугби цолъизарулел. ЩукІдуз цоцаздехун щула гьарула гьел. Щибаб лагаялъулги букІуна жиндирго иш. Рокьиялъ гІуцІула ва кІудияб гІезабула черх.</verse>
				<verse number="17">Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан!</verse>
				<verse number="18">Гьезул пикру-бичІчІи бецІлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракІбицалъиги сабаблъун, гьел рикІкІалъун руго Аллагьасде руссараб гІумруялдаса.</verse>
				<verse number="19">Сунцаго рекІее асар гьабулареллъун лъугьун, хІарамабщиналъ гІорцІулел гьечІо гьел, напс ккун чІезабулеб чІолохъжоги гьез бахъун рехун буго.</verse>
				<verse number="20">Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда МасихІил хІакъалъулъ бицун букІараб.</verse>
				<verse number="21">ХІакълъунго нужеда гьев лъан вуго. Нужеда бициндалха гьесулъ кинабго хІакъабщинаб бугилан!</verse>
				<verse number="22">Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гІадинаб гІамал гІодобе рехе нужеца.</verse>
				<verse number="23">Нужерго рухІги гІакълуги цІилъизабе.</verse>
				<verse number="24">Аллагьасул суратлъун вугев, хІакълъунго ритІухъав, вацІцІадав цІидасан вижарав Инсанлъун лъугьине хІаракат бахъе.</verse>
				<verse number="25">Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскІов вугесда битІараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ!</verse>
				<verse number="26">Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букІаго бакъ тІерхьунгеги!</verse>
				<verse number="27">Илбисалъе нуцІа къируге!</verse>
				<verse number="28">ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине.</verse>
				<verse number="29">НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде.</verse>
				<verse number="30">Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб.</verse>
				<verse number="31">Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал.</verse>
				<verse number="32">Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Аллагьасда релълъине хІаракат бахъе, гьесие рокьулел лъималлъидал нуж.</verse>
				<verse number="2">Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав.</verse>
				<verse number="3">ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо.</verse>
				<verse number="4">Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе.</verse>
				<verse number="5">ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда.</verse>
				<verse number="6">Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ.</verse>
				<verse number="7">Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца.</verse>
				<verse number="8">Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде.</verse>
				<verse number="9">Нуралъ бижизабураб буго лъикІаб гІамал-хасиятги, ритІухълъиги ва хІакъабщинабги.</verse>
				<verse number="10">ТІадегІанасул рекІее щиб къабуллъулебали лъазе хІаракат бахъе.</verse>
				<verse number="11">БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел.</verse>
				<verse number="12">БецІлъуда балъгого гьарулел ишазул хІакъалъулъ бицинегицин намуслъула.</verse>
				<verse number="13">Канлъи речІчІидал бихьула кинабго къватІиб чІвазабурабщинаб. Канлъухъе бихьулебщинабги нурлъун лъугьуна.</verse>
				<verse number="14">Гьединлъидалин абулеб: «Кьижарав, ворчІа! Хваралъуса вахъа — нуралъ гвангъизавила мун МасихІица!»</verse>
				<verse number="15">Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде.</verse>
				<verse number="16">Заманаялдаса пайда босизе хІаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал.</verse>
				<verse number="17">Жагьилаллъун рукІунге, ТІадегІанасул амру бичІчІизе тІалаб гьабе.</verse>
				<verse number="18">Чогъроца мехтизе рукІунге, пасалъиялде рачуна гьелъ. Илагьияб РухІалъ цІезаре нужго.</verse>
				<verse number="19">Забуралдасан, туркабаздасан ва диниял кучІдуздасан калимабаздалъун гаргаде цоцаздехун. РакІ-ракІалъго ахІе нужеца ТІадегІанав веццарал кучІдул.</verse>
				<verse number="20">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІарги рехсон, кидаго ва сундухъго Эмен — Аллагьасе шукру гьабе.</verse>
				<verse number="21">МасихІил хІурмат гьабун цоцазе мутІигІлъе.</verse>
				<verse number="22">ТІадегІанасего гІадин, россабазеги мутІигІлъе лъудби.</verse>
				<verse number="23">Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетІерлъунги МасихІ вугев гІадин, росасги бетІерлъи гьабула лъадуе.</verse>
				<verse number="24">Иман лъуразул агьлу МасихІие мутІигІлъулеб гІадин, лъадиги сундулъго росасе мутІигІлъе.</verse>
				<verse number="25">[25-26] Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа.</verse>
				<verse number="26"></verse>
				<verse number="27">МасихІие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, — тІанкІ гьечІого, рукІкІел гьечІого ва цогидаб сакъатги гьечІого. БацІцІадабги гІайиб-хатІа гьечІебги букІине бокьун буго.</verse>
				<verse number="28">Гьединлъидал россабазе жидерго лъудбиги рокьизе ккола, жидерго черх гІадин. Лъади йокьулесе живгоги вокьула.</verse>
				<verse number="29">Жиндирго черх рихарав инсан цониги вижичІо. Гьес кваназе жо чІезабула, чорхол тІалаб-агъаз гьабула, иман лъуразул агьлуялъул МасихІица тІалаб-агъаз гьабулеб гІадин.</verse>
				<verse number="30">Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха!</verse>
				<verse number="31">ТІухьдузда хъван буго: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина».</verse>
				<verse number="32">Гьел рагІабазулъ кІудияб балъголъи буго, амма дида бичІчІулеб буго МасихІилги иман лъуразул агьлуялъулги хІакъалъулъ бугин гьеб калима.</verse>
				<verse number="33">Нужеда гьоркьоса щивав чиясеги лъади, живго гІадин, йокьизе ккела. Лъадуцаги росасул хІурмат гьабизе ккела.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Лъималги, ТІадегІанасде цолъун, эбел-инсуе мутІигІлъун лъикІ.</verse>
				<verse number="2">Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тІуразаруни шапакъат щолилан рагІи кьурал амруял. Гьезул тІоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе.</verse>
				<verse number="3">Цинги мун лъикІ вукІина ва дур гІумруги халалъила».</verse>
				<verse number="4">Умумузги лъимал къварид гьаруге. ТІадегІанасул амруялда рекъон гІезаре, гьезие тарбия кье ва лъикІабщинаб малъе.</verse>
				<verse number="5">Лагъзалги хІинкъа-къан мутІигІлъе жидерго бетІергьабазе. МасихІие гьабулеб гІадин, ракІ-ракІалъго хъулухъ гьабе гьезие.</verse>
				<verse number="6">ХІелхІелчагІаз гІадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тІубазабулел МасихІил лагъзадерица гІадин, ракІ-ракІалъго гьабе.</verse>
				<verse number="7">ГІадамазе гуреб, ТІадегІанасе хъулухъ гьабулеб бугеб гІадин, гъираялда гьабе.</verse>
				<verse number="8">Лагъ вукІа, узден вукІа, лъикІлъи гьабулев чиясе ТІадегІанасдасан шапакъат щолеблъи кІочон тоге.</verse>
				<verse number="9">Нужги, лагъзадерил бетІергьаби, гьединго лъикІ рукІа нужерго лагъзадеридехун. Гьел хІинкъизаруге. Нужерги гьезулги зобалазда цохІо БетІергьан вукІин кІочон тоге. Щивниги ватІа гьавуларо гьес.</verse>
				<verse number="10">Кагътил ахиралдаги — ТІадегІанасде цолъун, гьесул къуват-гучалдалъун нужго къвакІизаре.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасул къолден ретІе, илбисалъул макруялдаса къунгутІизе.</verse>
				<verse number="12">ГІадамазда данде гурел, — тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел.</verse>
				<verse number="13">Гьедин бугелъул — Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригІунебщинаб ретІе, чІегІераб къо чІедал гьезда дандечІезеги щибго хІехьезеги нужер къуват-гуч гІезе.</verse>
				<verse number="14">ХІакъабщиналъул рачелги борчун, ритІухълъиялъул къолденги ретІун, къвакІун чІа нуж!</verse>
				<verse number="15">Ракълил хІакъалъулъ рохалил хабар бицине къватІире рахъине нужерго хьиталги къачІай.</verse>
				<verse number="16">Цинги — божи-иманалъул хъалхъан хъатикь щулаго ккве! Гьелъ свинарила илбисалъ нужеда речІчІулел киналго цІа рекІарал чІорал.</verse>
				<verse number="17">Тархъанлъиялъул такъияги лъе, РухІалъул хвалченги хъатикь ккве. Гьеб ккола Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="18">Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа.</verse>
				<verse number="19">Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан.</verse>
				<verse number="20">Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре.</verse>
				<verse number="21">Дун кин вугевали ва щиб гьабулев вугевали нужеда Тихикица бицина. Гьев вуго дие хирияв диналъул вацги ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев ритІухъав чиги.</verse>
				<verse number="22">Нижер ишазул бицине ва нужер ракІбатизабизе гІолойин дица гьав витІулев вугев.</verse>
				<verse number="23">Эмен — Аллагьасдасан ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан рещтІараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутІаги, вацал, нужелъ!</verse>
				<verse number="24">Аллагьасул баркат насиблъаги нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде абадияб рокьи рекІелъ бугезе!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="50">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Филиппиялда ругел киналго МасихІ ГІисаде цолъун иман лъуразде, нужер агьлуялъул бутІрузде ва церехъабазде салам буго МасихІ ГІисае хъулухъалъе чІарал Павелилги Тимофейилги.</verse>
				<verse number="2">Нилъер Эмен — Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="3">Нуж ракІалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе.</verse>
				<verse number="4">Нужеда киназдаго гурхІагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекІелъе рохел лъугьуна,</verse>
				<verse number="5">дун тІоцеве нужехъе вачІараб къоялдаса жакъалъизегІан Рохалил хабаралъе гІоло гьабулеб хІаракатчилъиялъулъ нужги гІахьаллъидал.</verse>
				<verse number="6">Дир ракІчІола, нужелъе лъикІлъи лъугьинабизе байбихьарав Аллагьас гьеб рагІа-ракьанде щвезабилин МасихІ ГІиса вачІараб къоялде абун.</verse>
				<verse number="7">Нужер хІакъалъулъ гьединаб пикру букІинарищ дир, кидаго дир рекІелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тІибитІизабизе къеркьон, гьеб битІараб букІин чІезабулеб мехалъги.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасда лъала ГІиса МасихІил гІадинаб урхъиялдалъун дун нужехъ киназухъго чІалгІун вугеб куц.</verse>
				<verse number="9">[9-10] Дица Аллагьасда гьарула, бищунго лъикІаб тІаса бищизе нужеда лъазе, МасихІ вачІараб къоялде нуж, хъубаб тІанкІ лъечІого, нухдаса таричІого хутІизе нужер рекІелъ рокьи цІикІкІагийилан, гІакълуги цІубайгийилан, цІодорлъиги камиллъагийилан.</verse>
				<verse number="10"></verse>
				<verse number="11">Нужер рацІцІалъиялъул гъотІода пихъ гьарзаго бижила гьебмехалъ. Гьедин ГІиса МасихІидалъун Аллагьасул кІодолъи загьирлъила ва гІадамаз гьесие рецц гьабила.</verse>
				<verse number="12">Балагьея, вацал, дир гьаб ахІвал-хІалалъ дагьабги цІикІкІун квербакъи гьабуна Рохалил хабар тІибитІиялъе,</verse>
				<verse number="13">кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи.</verse>
				<verse number="14">Дун жанив тІами сабаблъун ккун, гІемерисел иман лъуразул тавакал цІикІкІинабуна БетІергьанас, гьединлъидал гьезги расги хІинкъичІого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="15">Гьедин бугониги, цо-цояз МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго жидерго жахІдаялъги хІалхъублъиялъги тІамун, цогидаз абуни, бицунеб буго лъикІлъи бокьун.</verse>
				<verse number="16">Гьеле гьез Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго, рокьиялъ гьесизарун ва Рохалил хабар цІунизе тІамурав чи дун вукІинги лъан.</verse>
				<verse number="17">Дозин абуни гьеб гьабулеб буго квешал къасдазги диде бугеб жахІдаялъги гьесизарун — гьезда ракІалде кколеб буго туснахъалъуб дие бугеб квешлъи гьелдалъун дагьабги цІикІкІинилан.</verse>
				<verse number="18">Биччанте! Рихьдае букІаниги, ракІ-ракІалъ букІаниги батІалъи щиб, гьединги гьадинги ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІулеб бугелъул. Дун гьелдаса вохун вуго ва вохизеги вуго.</verse>
				<verse number="19">Нужер гьари-дугІаялдалъунги ГІиса МасихІил РухІалъул квербакъиялдалъунги дун хвасарлъизе вукІин лъала дида.</verse>
				<verse number="20">Къезе цІакъ бокьун гьечІо дие, къеларилан хьулги буго. Кидаго гІадин, хасго гьанже сункьаниги хІинкъичІого дица дир тІолабго жан МасихІ кІодо гьавиялъе кьела — дун хваниги, чІаго хутІаниги.</verse>
				<verse number="21">Дир гІумру МасихІилъ буго, хвалилъги пайда буго дие!</verse>
				<verse number="22">Амма дун дуниялалда хутІани, дир хІаракатчилъиялъул хайирги буго. Лъаларо гьеб кІиялъулго кинаб дие бокьилебали.</verse>
				<verse number="23">Дир ракІ кІибикьун буго: гьаниса вахъун, МасихІида аскІове инеги бокьун буго, гьеб гІемерго лъикІ букІинилан ккун.</verse>
				<verse number="24">Амма нужее цІакъ къваригІун вугелъул, дуниялалда хутІизеги кколев вуго.</verse>
				<verse number="25">Нужее къваригІун вукІиналда ракІчІун бугелъул, дида лъала дун нужеда киназдаго цадахъ хутІилевлъи, нуж тІоритІизеги иманалъ нуж рохизаризеги.</verse>
				<verse number="26">Гьедин дун нужехъе тІадвуссараб мехалъ, нужее цоги гІилла букІина, ГІиса МасихІидеги цолъун, дун сабаблъун ккун, чІухІизе.</verse>
				<verse number="27">Воре, МасихІил Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде. Дие рагІизе бокьилаан, дун гьенив вугониги гьечІониги, Рохалил хабаралда божиялъе гІоло цо хІал ккун чІун цадахъго къеркьолел ругин нужилан.</verse>
				<verse number="28">Тушбабаздехун кидаго бахІарчилъи бихьизабе. Гьеб гьезие буго хвалде иналъул гІаламат, нужее буго тархъанлъиялъул гІаламат. Аллагьасдасанлъидал гьеб бачІунеб бугеб!</verse>
				<verse number="29">МасихІидалъун нужехъе рещтІун бугелъул, гьесде иман лъей гуребги, гьеб сабаблъун нужее кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаги.</verse>
				<verse number="30">Дир гІадинаб къеркьеялъулъ гІахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагІулебги буго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани,</verse>
				<verse number="2">дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе.</verse>
				<verse number="3">Дун лъикІав-тІокІавилан цояв, дун жеги лъикІавилан цогидав лъугьунге. Нужго гІодорегІан гьарун, цогидал нужедаса лъикІаллъун рикІкІе.</verse>
				<verse number="4">ЦохІо дурго мунагьаб напсалъе гІоло квалквадичІого, цогидазе гІологи квалкваде.</verse>
				<verse number="5">МасихІ ГІисалъ букІараб гІадинаб пикру букІа абе нужелъги.</verse>
				<verse number="6">Аллагьлъи жиндилъ бугониги, Аллагьасда ващалъизе хІаракат бахъичІо гьес.</verse>
				<verse number="7">Живго гьитІинлъизавуна, — лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав</verse>
				<verse number="8">гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна, цогидазулалдаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги.</verse>
				<verse number="10">ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги.</verse>
				<verse number="11">ГІиса МасихІ ТІадегІанав вукІин чІезабун, щибаб мацІалда кІалъалез рецц гьабила нилъер Эмен — Аллагьасе.</verse>
				<verse number="12">Гьале, дир хириял, дун гьенив вугеб мехалъ нуж дие мукІурал рукІиндал, дун гьениса индалги дагьабги цІикІкІараб мукІурлъигун ва Аллагьасукьа хІинкъун хІалтІе нужго хвасарлъиялъе гІоло.</verse>
				<verse number="13">Жиндаго лъикІ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги.</verse>
				<verse number="14">[14-15] Гьаб мекъаб-тІекъаб наслуялда гьоркьоб нужеца абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб бугеб мехалда, зигардичІого ва дагІбадичІого тІуразаре нужер киналго ишал, бецІаб сардилъ цІваби гІадин, нужго кенчІезе, мунагь-хІакъ гьечІеллъунги, гІайиб-хатІа гьечІеллъунги, Аллагьасул рацІцІадал лъималлъунги нужго лъугьине.</verse>
				<verse number="15"></verse>
				<verse number="16">Гьедин гьабуни, МасихІ вачІараб къоялъ дун нужедаса чІухІила, векерун чІалде щвезе бахъараб дир хІаракат ва захІмат гІадада ккечІилан.</verse>
				<verse number="17">Хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир гІадин, дир би нужер божи-иман сабаблъун гІодобе тІолеб бугониги, дун вохун вуго, нуж киназдаго цадахъ вохун вуго дун.</verse>
				<verse number="18">Нужги роха, дида цадахъ роха нужги!</verse>
				<verse number="19">Дир хьул буго ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун кватІичІого нужехъе Тимофей витІизе, нужер рахъалъ гьесдасан цІияб хабарги лъан, дирги ракІ тирхизе.</verse>
				<verse number="20">ГьевгІан диргун хІал бащадав чи цониги гьечІо. РакІ-ракІалъго нужер киналго ишазе кумекалъе хІадурав чиги вуго гьев.</verse>
				<verse number="21">Цогидазин абуни, МасихІ ГІисаесеб гуреб, жидеегосеб балагьула.</verse>
				<verse number="22">Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги.</verse>
				<verse number="23">Гьединлъидал, дир иш кин ккелебали лъарабго, гьев нужехъе витІизе хьул буго дир.</verse>
				<verse number="24">ТІадегІанас дир ракІчІезабулеб буго кватІичІого нужехъе вачІине диеги рес ккелилан.</verse>
				<verse number="25">Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе.</verse>
				<verse number="26">Кутакалда нужеде ракІ щун вуго гьев, жив унтун вукІин нужеда лъан бугилан цІакъ къваридгоги вуго.</verse>
				<verse number="27">ХІакъикъаталдаги хвалде ккун унтун вукІана Эпафродит, амма Аллагь гьесда гурхІана, гьесда гуревги, дидаги гурхІана, — къварилъиялда тІадеги къварилъи биччачІо Аллагьас диде.</verse>
				<verse number="28">Гьединлъидалин гьев тІадвуссун витІизе хІукму гьабизе дун гІедегІарав: нахъеги гьев вихьун нужер рекІелъ рохелги цІикІкІина, дир рекІел къварилъиги чучила.</verse>
				<verse number="29">БетІергьанас витІарав чи гІадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гІадамазул хІурматги гьабе,</verse>
				<verse number="30">щайгурелъул МасихІил ишалъе гІоло рухІ кьезе хІадурго хвалде гІагарлъун вукІана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечІеб нужер рес бецІизе бокьун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьанже, вацал, ТІадегІанасде цолъун, рекІелъ рохел цІикІкІаги нужер. Цого жо гІемер бицине диени захІмалъиларо, амма нужер рекІелъ гьеб дагьабги щулалъизе бокьун буго.</verse>
				<verse number="2">Воре, гьел гьабзаздаса цІуне нужго, квешлъи гьабулездасаги цІуне, инсанасул лага къотІун рехулездасаги цІуне!</verse>
				<verse number="3">Нилъецайин унго-унгояб сунат цІунулеб бугеб, — Илагьияб РухІалдалъун Аллагьасе гІибадат гьабулеб бугелъул нилъеца, МасихІ ГІисадалъун нилъ чІухІунги ругелъул ва тІасан бихьулелъул хІакъалъулъ гІадатазде мугъ чІвалебги гьечІелъул.</verse>
				<verse number="4">Гьел гІадатазде мугъ чІвазе лъиданиги ракІалде ккун батани, цогидазеялдасаги цІикІкІун гьелъие ихтияр бугеб дир!</verse>
				<verse number="5">Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун,</verse>
				<verse number="6">иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана.</verse>
				<verse number="7">Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб.</verse>
				<verse number="8">Гьебали щиб гурин, хІатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикІкІуна дица, дир ТІадегІанав МасихІ ГІиса дидаго вичІчІун лъаялъул тІокІлъи-хайиралда данде ккуни. МасихІ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, — рищни-къуллъун рикІкІуна дица гьеб кинабго.</verse>
				<verse number="9">Къануналда нахъвилълъун дие щвезе букІаралдалъун гуреб, гьесде иман лъеялдалъун рикІкІана Аллагьас дун жиндие ритІухъав чилъун. Инсанасул божи-иманалъухъ балагьун гьабула Аллагьас гьедин.</verse>
				<verse number="10">Дир цохІо мурад буго: МасихІги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, МасихІил гІазаб-гІакъубаги диего гІахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине!</verse>
				<verse number="11">Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине!</verse>
				<verse number="12">Шапакъатги щун бугин ва тІубанго вацІцІалъунги вугин абизе бокьун гьечІо дие. Амма дун чІалде къавукъунев вуго, МасихІ ГІиса дидаса бергьарав гІадин, бергьине бокьун.</verse>
				<verse number="13">Дие бергьенлъи щун бугилан абизе кІоларо, вацал, дида. Дица абила, нахъехун хутІарабги кІочене тун, дун цевехун къавукъунев вугин,</verse>
				<verse number="14">чІалде цеве кІанцІулев вугин, бергьенлъиялъул шапакъат щвезе бокьун бугин. МасихІ ГІисадалъун дун Аллагьас зобалазде ахІулев вуго гьеб шапакъат босизе.</verse>
				<verse number="15">Гьединаб пикру букІине ккола киналго нилъер иман камиллъарал гІадамазул. Гьелдаса батІияб пикру нужер бугеб батани, Аллагьас бихьизабила нужеда кинаб пикру битІараб бугебали.</verse>
				<verse number="16">Амма гьанжелъагІан нилъее щварабги щулаго ккун хьвадизе ккола нилъ.</verse>
				<verse number="17">Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье.</verse>
				<verse number="18">ГІемерисел хьвадулел ругелъулха МасихІил хъанчил тушбаби гІадин. Гьелъул хІакъалъулъ дица нужеда гІемер бицун букІана ва гІодилаго гьанжеги бицунеб буго.</verse>
				<verse number="19">Гьезул ахир — жужахІ буго, гьезул «аллагь» — чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез.</verse>
				<verse number="20">Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ.</verse>
				<verse number="21">Гьес нилъер загІипаб ва хвалие мутІигІлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тІад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун МасихІица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чІухІиги руго нуж. ТІадегІанав ГІисал нухдаса кьуруге, хириял!</verse>
				<verse number="2">Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, ТІадегІанасе гІоло, рагІи данде ккезабейилан, яцал гІадин рукІайилан.</verse>
				<verse number="3">Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе.</verse>
				<verse number="4">ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса!</verse>
				<verse number="5">Нужер сабруяб хІеренлъи киналго гІадамазда лъазе биччанте. ТІадегІанав нужеда аскІов вуго.</verse>
				<verse number="6">Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хІажалъи нужер рекІелъ бижун бугебали дугІадулъ загьир гьабун.</verse>
				<verse number="7">Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги.</verse>
				<verse number="8">Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, — кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби.</verse>
				<verse number="9">Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ.</verse>
				<verse number="10">ГІемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракІалде щведал, ТІадегІанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечІолъи гурони, гьанжелъагІанги нужеда кІочон тун вукІинчІевлъи лъала дида.</verse>
				<verse number="11">Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, — кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун.</verse>
				<verse number="12">Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. ГІорцІиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечІолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун.</verse>
				<verse number="13">Кинабго хІехьезе къуват кьуна ТІадегІанас дие.</verse>
				<verse number="14">Кин бугониги, гьаб къварилъиялда вугев дие нужеца кумек гьаби лъикІ ккана.</verse>
				<verse number="15">Нужеда — Филиппиялъул гІадамазда — лъикІго лъала, Македониялдаса араб мехалъ, цохІо нужедасан гурони, иман лъуразул цогидаб агьлуялдасан дие хайирги заралги букІинчІеблъи. Гьеб букІана Рохалил хабар тІибитІизабизе байбихьараб заман.</verse>
				<verse number="16">Фессалоникаялда дун къваридго вугеб мехалдаги чанги кумек гьабуна нужеца дие.</verse>
				<verse number="17">Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин!</verse>
				<verse number="18">Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун.</verse>
				<verse number="19">Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригІанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун МасихІ ГІиса кІодолъи загьирлъизе.</verse>
				<verse number="20">Абадул абадиялъго рецц буго нилъер Эмен — Аллагьасе! Амин!</verse>
				<verse number="21">Салам бице МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъарал киназдаго. Гьанир дида аскІор ругел диналъул вацазул салам буго нужеде.</verse>
				<verse number="22">Нужеде салам буго киналго рацІцІалъаразул, хасго къайсарасул кІалгІаялъур ругезул.</verse>
				<verse number="23">ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужер гІумруялда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="51">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Аллагьасул амруялдалъун ГІиса МасихІил чапарлъун лъугьарав Павелил ва нилъер диналъул вац Тимофейил рахъалдасан</verse>
				<verse number="2">салам буго Колосси шагьаралда ругел нижер божарал ва рацІцІадал вацазде — МасихІиде цолъаразул агьлуялде. Нилъер Эмен — Аллагьасул баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="3">ДугІадулъ нуж рехсолаго, нижеца кидаго рецц гьабула нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Инсуе — Аллагьасе.</verse>
				<verse number="4">Нижеда рагІана МасихІ ГІисаде нужер божи-иман цІикІкІунеб бугилан ва киналго иман лъуралги нужее рокьулел ругилан.</verse>
				<verse number="5">Зобалазда нужее цІунун бугелде лъураб хьулалъ бижизабураб буго гьеб божи-иманги рокьиги. Гьеб хьул нужелъ бижана хІакъикъияб Рохалил хабар нужеда рагІараб мехалъго.</verse>
				<verse number="6">ТІолабго дуниялалдаго тІибитІун бугеб гІадин нужехъеги щвана гьеб Рохалил хабар, нужер гьенибги гьеб тІегьан буго, тІад пихъ бижун буго Аллагьасул цІобалъул хІакъикъат лъаралдаса нахъе.</verse>
				<verse number="7">Гьеб нужеда малъана нилъер ишалъе хІалтІулев вугев ва нижее вокьулев Эпафрасица. Нужее мунпагІаталъе гьес МасихІие ритІухъго хъулухъ гьабулеб буго.</verse>
				<verse number="8">Илагьияб РухІалъ нужер рекІелъе лъугьинабураб рокьул хІакъалъулъги бицана гьес нижеда.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал нужер хІакъалъулъ гьеб рагІараб къоялдаса нахъего, нужги рехсон, Аллагьасде гьари-дугІа гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо нижеца. Нижеца Аллагьасда гьарулеб буго гьесул щибаб амру сундулъ бугебали тІубанго лъазелъун нужер бичІчІи-лъай цІикІкІагиян ва рухІанияб гІелму камиллъагиян.</verse>
				<verse number="10">ТІадегІанав ГІисадаса мисал босун, гьесие бокьулебщинабги гьабизе нужер ишазул гъотІода лъикІабщинабги барщизе ва Аллагьги цІикІкІун лъазе рес рекъагиян гьарулеб буго.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасул къудраталдалъун рекІее къвакІи кьеги нужее. Гьебмехалъ нужеда кІвела киналъего сабру гьабизе ва хІехьезе. Гьелдаса разилъун</verse>
				<verse number="12">нужеца Инсуе — Аллагьасе рецц гьабила. Жиндирго Нуралъ гвангъизарурал ва рацІцІалъарал гІадамазе ирсалъе щолелъул бутІа кьезе мустахІикъаллъун рикІкІана нужги Аллагьас.</verse>
				<verse number="13">Аллагьас нуж бецІлъиялъул лагълъиялдаса тархъан гьаруна ва жиндиего вокьулев Васасул ПарччахІлъиялде рачана.</verse>
				<verse number="14">Гьев Васасдалъун нилъер мунагьалги чурунин Аллагьас нилъ тархъан гьарурал.</verse>
				<verse number="15">Гьев вуго вихьуларев Аллагьасул бихьизе бажарулеб сурат. Аллагьас бижарабщиналдаса тІадегІанавлъун тІоцеве гьавурав вуго гьев.</verse>
				<verse number="16">Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хІакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухІалги. Гьесдалъун ва гьесие гІоло бижана Аллагьас кинабго.</verse>
				<verse number="17">Сундасаго цеве вукІана гьев, гьесдалъун цІунун буго киналъулго низамги.</verse>
				<verse number="18">Иман лъуразул агьлу черхлъун рикІкІани, гьелда тІад бетІерлъун вуго МасихІ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тІоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун.</verse>
				<verse number="19">Аллагьасе бокьана жиндилъго бугебщинаб жиндирго Васасулъги букІине.</verse>
				<verse number="20">Аллагьасе бокьана гьесдалъун киналго жиндего цолъизаризе. Хъанчида ван гьев хвей сабаблъун зоб-ракьалда бугебщиналда гьоркьоб рекъел лъугьана.</verse>
				<verse number="21">Нуж Аллагьасдаса рикІкІад ругеб ва нужер квешал къасдалги ишалги сабаблъун гьесул тушманзабилъун ругеб заманги букІана.</verse>
				<verse number="22">МасихІ инсан вукІиндал ва инсан гІадин хведал, гьанже Аллагьас нуж жиндего цолъизаруна ва нужергун рекъел гьабуна: рацІцІад гьарун, мунагьал чурун ва гІайиб-хатІаялда тІасалъугьун нуж жиндаго цере чІезаризе.</verse>
				<verse number="23">Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун — Павел — вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна.</verse>
				<verse number="24">Нужее пайда букІине гІоло дица гІазаб-гІакъуба баччулеб букІиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу — гьеб ккола МасихІил черх. Гьеб черхалъе гІоло гІазаб-гІакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гІазаб-гІакъубаялъул хутІараб цо бутІа дидаго тІаде босун бугелъул.</verse>
				<verse number="25">Иман лъуразул агьлуялъе дица хъулухъ гьабулеб буго, Аллагьас бихьизабухъе, гьелдалъун нужее Аллагьасул рагІи тІубанго загьирлъизе бокьун.</verse>
				<verse number="26">Кидагоги киназдасагоги бахчун букІараб РагІи буго гьеб. Гьанже гьеб РагІи Аллагьасда цере рацІцІалъарал гІадамазе загьирлъана.</verse>
				<verse number="27">Аллагьасе бокьана цогидал халкъазда гьоркьоса рацІцІалъарал гІадамазе гьеб балъголъиялъул машгьурлъиги кІодолъиги загьир гьабизе. Гьеб балъголъи ккола — нужелъ МасихІ чІаго вукІин. Гьединлъидал нужеца хьул гьабе нужго машгьурлъизе рукІиналде.</verse>
				<verse number="28">Нижеца МасихІил хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб тІибитІизабулеб буго, цІакъ цІодорго-гІакъилго гьел кантІизарулел руго, гьезие насихІат гьабулеб буго, киналго камилаллъун ва МасихІгун цолъараллъун Аллагьасда цере чІезе.</verse>
				<verse number="29">Гьелъие гІоло хІалтІулев вуго дун, ва дилъ багъулеб буго гьесдасан щвараб гучаб къуват.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Нужееги, Лаодикеялда ругезеги, цогидал киданиги дир гьумер бихьичІел иман лъуразеги гІоло дун кигІан кутакалда къеркьолев вугевали нужеда лъазе бокьун буго дие.</verse>
				<verse number="2">Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи — МасихІ!</verse>
				<verse number="3">ХІакълъунго МасихІилъин бугеб гІакълу-лъаялъул балъгояб хазина.</verse>
				<verse number="4">ЛъикІабилан кколеб хабар бицун, лъицаниги нуж гуккунгутІизе абулеб буго дица гьадин.</verse>
				<verse number="5">Дун гьенив гьечІониги, дир ракІ нуж киназдаго цадахъ буго. Дун вохун вуго нужер гІадлу-тадбиралдасаги МасихІиде бугеб щулияб божи-иманалдасаги.</verse>
				<verse number="6">МасихІ ГІиса нужерго ТІадегІанавлъун рикІкІун вугелъул, сундулъго гьесде цолъун хьваде.</verse>
				<verse number="7">МасихІ ккола нужер минаялъул кьучІги ва нужер гъотІол кьибилги. Нужеда малъараб къагІидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гІемер гьабе.</verse>
				<verse number="8">Вореха, гІадамазул философиялъги гьодорал рагІабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго МасихІидасан бачІараб гуро, гьеб бачІун буго гІадамазул гІадатал цІуниялдасан ва тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан.</verse>
				<verse number="9">Нужеда лъан букІа: МасихІил чорхолъ гІадамазе тІубанго загьирлъана кинабго бичасулабщинаб.</verse>
				<verse number="10">Гьесде цолъарал нужее щвана хІакъаб гІумру гьабизе рес. ХІакълъунго гьесухъ буго дуниял-гІаламалъул хІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги киналго рухІазул кверщел.</verse>
				<verse number="11">Гьевгун цолъиялдалъун нужги лъугьана сунат гьабурал чагІилъун. Амма гІадамаз гьабулеб гІадинаб сунат гуребха гьеб. Нужер чорхолъ ругел мунагьазул лагълъиялдаса МасихІица тархъан гьари лъугьана нужее сунат гьабилъун.</verse>
				<verse number="12">Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан МасихІида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хІалкІолъиялда божидалха нуж.</verse>
				<verse number="13">Хварал чагІи кколаан цере нуж, мунагьазул цІун рукІиндал ва нужее сунат гьабун букІинчІелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, МасихІида цадахъ нилъ чІаголъизаруна.</verse>
				<verse number="14">Мусал къанун цІуничІолъиялдалъун нилъеда тІад букІараб тІолабго налъиги Аллагьас тІаса рехана. МасихІил хъанчида тІад хвезабуна гьес гьеб налъи.</verse>
				<verse number="15">ХІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухІазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тІад малги чІана.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцІ цІилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гІайиб чІвагеян абе.</verse>
				<verse number="17">Гьел киналго нилъее рихьизарун рукІарал къанунал кколаан хадуб бачІине бугелъул рагІад. Амма хадув вачІарав МасихІ рагІад гуро!</verse>
				<verse number="18">Рихьдаего гІодоре риччан чІолезги малаикзабазе лагълъи гьабулезги нужеда гІайиб чІвагеян абе. Жидедаги хІикмат бихьанилан чІун, жидерго инсанияб гІакълу-лъаялдаса чІухІун, гаргадулел чагІи руго гьел.</verse>
				<verse number="19">МасихІидаса ратІалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетІералъ гьабулеб гІадин, МасихІихъги буго киналъулго кверщел. ЩукІдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гІадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна МасихІица, Аллагьасе бокьухъе кІудияб гІела гьеб.</verse>
				<verse number="20">МасихІида цадахъ хун, дуниялалъул кверщел кодосел рухІазул лагълъиялдаса тархъанлъарал нужеца щай гьабизе кколеб дуниялалда ругезулго гІадинаб гІумру?</verse>
				<verse number="21">«Квер хъваге», «кванаге», «кодобе босуге» гІадинал къанунал щай нужеца цІунизе кколел?</verse>
				<verse number="22">ГІадамаз ургъарал руго гьел амруги къанунги. Цо дагьаб мехалъ нилъеца пайда босулел, цинги тІагІун унел жалазда хурхарал руго гьел.</verse>
				<verse number="23">Кколарелъе лагълъи гьабизе тІамиги, рихьдаего гІодоре риччан чІейги, черх квегъиги гІакъилаб жойилан ккола гьезда. Амма нилъер чорхол гьаваялъ гьесизарулел мунагьазда данде рагъизе кумек гьабуларо гьелъ.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">МасихІида цадахъ чІаголъана нужги. Гьединлъидал Аллагьасул кваранаб рахъалда МасихІ гІодов чІун вугел зобалазда бугелъулин нужеца пикру гьабизе кколеб.</verse>
				<verse number="2">Ракьалда бугелъул гьабичІого, зобалазда бугелъул гьабе пикру.</verse>
				<verse number="3">Гьаб дуниялалъе нуж хвана. МасихІил гІумру гІадин, нужер гІумруги гьаб дуниялалдаса босун, жиндилъго бахчана Аллагьас.</verse>
				<verse number="4">Амма МасихІ дуниялалъе загьирлъизе вуго. Гьев вуго нужер гІумру — гьединлъидал гьев загьирлъаравго, гьесул машгьурлъи щвела нужееги.</verse>
				<verse number="5">Гьаб дуниялалъулалщинал жал: хъахІбалъи, хъублъи, чорхол гьава, квешал къасдал къинаре нужелъго ва гьересиаллагьлъун кколеб къарумлъиялъе лагълъиги гьабуге!</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул ццин бахъине буго гьел гІамалал ккурал гІадамазда.</verse>
				<verse number="7">Гьел рехсарал гІамалаз нуж къосинарулел рукІараб заманаялда, нужги хьвадулаан гьездаго релълъун.</verse>
				<verse number="8">Амма гьанже нуж рикІкІалъизе ккола ццидадаса, гьалаглъиялдаса, квешлъиялдаса; цоцаздасан какдезеги цоцазда квешал рагІаби абизеги бегьуларо.</verse>
				<verse number="9">Цоцазе гьереси бицунге. Басрияб ретІел гІодобе рехулеб гІадин, гьанже нужеца инкар гьабизе ккола цебе нужер букІараб гІумруялдасаги гІамал-хасияталдасаги.</verse>
				<verse number="10">Нужее щвана цІияб ретІел — цІияб гІумру. Нуж Рижарасда релълъинелъун ва Аллагь цІикІкІун лъазелъун буго гьеб нужер гІумру цІилъулебго цІилъулеб.</verse>
				<verse number="11">Гьанже чиясул батІалъи гьечІо — грек вукІаниги, жугьутІав вукІаниги, сунат гьабурав яги гьабичІев вукІаниги, апараг вукІаниги, скиф вукІаниги, лагъ яги узден вукІаниги. Вуго цохІо МасихІ! Гьев киназулъго вуго, кинабголъунги вуго!</verse>
				<verse number="12">ГІаламалда гьоркьоса Аллагьас жиндиего бокьулеб агьлулъун лъугьинабизе тІаса рищана нуж. Гьединлъидал нужее цІияб ретІеллъун букІине биччанте гІадамаздехун бугеб гурхІел-рахІмуги, лъикІлъиги, хІеренлъи-хІалимлъиги ва сабруги.</verse>
				<verse number="13">Нужеца цоцазда гьоркьоб сабру цІунизе ккола ва цоцазул гІайиб-хатІаялда тІасалъугьинеги ккола — БетІергьан нужеда тІасалъугьана, нужги цоцазда тІасалъугьа.</verse>
				<verse number="14">Бищунго аслияб жо — нуж цоцазе рокьизе ккола. Рокьи буго кинабгоги цолъизабулеб ва камиллъизабулеб таж.</verse>
				<verse number="15">МасихІидалъун нужее щвараб рекъелалъ кверщел гьабизе биччай нужер ракІазда. Аллагьас тІаса рищун нужее кьуна гьеб — гьедин цолъун, цого черх гІадин лъугьана нуж. Аллагьасе рецц гьабе гьелъухъ!</verse>
				<verse number="16">МасихІил рагІул тІолабго хазинаги рекІелъ цІунун, малъе цоцазда ва цоцазе гІакълаби кье, туркаби ва Аллагь веццарал назмаби ахІе, ракІ-ракІалъго БетІергьанасе рецц гьабе.</verse>
				<verse number="17">ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар рехсон гурони щибго гьабуге, щибго абуге. Гьесул цІарги рехсон нилъер Эмен — Аллагьасе реццги гьабе.</verse>
				<verse number="18">Руччаби росабазе мутІигІлъе. Гьеб буго ТІадегІанав ГІисаде иман лъуразул нух.</verse>
				<verse number="19">Росабазе лъудби рокье ва гьездехун хъачІлъуге.</verse>
				<verse number="20">Лъималаз эбел-инсул малъараб гьабе сундулъго, гьеб буго ТІадегІанав ГІиса разилъулеб гІамал.</verse>
				<verse number="21">Эбел-инсуца лъимал къварид гьаруге, гьел пашманлъизе гурин.</verse>
				<verse number="22">Лагъзал сундулъго мукІурлъе гьаб ракьалда ругел жидерго бетІергьабазе. Гьел ругеб бакІалда жалго лъикІ рихьизе гуребги, гьел гьечІеб бакІалдаги мукІурлъе кидаго, ракІ-ракІалъго ва ТІадегІанасукьа хІинкъун.</verse>
				<verse number="23">ГІадамазе гІоло гуреб, ТІадегІанав ГІисае гІоло гьабулеб бугеб гІадин щибгоги ракІ-ракІалъго тІубазабе.</verse>
				<verse number="24">ХІакъикъаталда нужеца лагълъи гьабулеб буго ТІадегІанав МасихІие. Жиндирго халкъалъе цІунун бугеб хазинаялъул бутІа шапакъатлъун кьела ТІадегІанас нужее нужер киналго ишазухъ. Гьеб лъай нужеда.</verse>
				<verse number="25">Нужеда лъай квешлъи гьабуразе тамихІ букІине бугеблъи, — квешал ишазухъ киналго гІадамазе тамихІ цого къагІидаялъ гьабизе буго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Ле, лагъзадерил бетІергьаби, нужеца нужерго лагъзадерида тІад ритІухъаб къагІидаялъ кверщел гьабе гьел ратІа гьаричІого. Нужеда кІочон тоге зобалазда нужерги БетІергьан вугевлъи.</verse>
				<verse number="2">РорчІуда чІа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугІаялда рукІа.</verse>
				<verse number="3">Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев.</verse>
				<verse number="4">Дида тІадаб куцалда гьеб баянго бичІчІизабизе дие рес ккагийилан гьаре нужеца.</verse>
				<verse number="5">Нужерго заман гІадада хвеларедухъ гІакъилго-цІодорго гьоркьоблъи гьабе иман лъечІезулгун.</verse>
				<verse number="6">ТІаде цІам щвараб кваница гІадин гІадамал рази гьарулеб ва баркат бугеб букІине ккола нужер калам. Суал кьуравщинасе жаваб кьезеги лъазе ккола.</verse>
				<verse number="7">Дир хІакъалъулъ нужеда бицина дир хирияв диналъул вац ва ТІадегІанав ГІисал ишалъе хъулухъ гьабулев вугев Тихикица.</verse>
				<verse number="8">Гьединаб мурад букІунин дица гьев нужехъе витІарав. Гьес нижер ахІвал-хІал нужеда бицина ва нужер ракІбатизабила.</verse>
				<verse number="9">Гьесда цадахъ вачІина нижее вокьулев ритІухъав вац Онесимги. Нужер чи вуго гьев. Гьез бицина нужеда гьаниб ккарабщиналъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="10">Нужеде салам буго дида аскІов туснахъалъув вугев Аристархилги Маркилги (гьев Марк ккола Барнабал вацгІал, гьесул хІакъалъулъ ругьел битІун букІана нужехъе, гьениве вачІани, гьесие гьоболлъи гьабеян).</verse>
				<verse number="11">Юст абун тІокІцІар бугев ГІисалги буго нужеде салам. Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло дида цадахъ хІалтІулел ругел дир кумекчагІазда гьоркьор гьел гурони жугьутІал гьечІо. Кидаго дир рекІее бигьалъи лъугьинабулел чагІи руго гьел.</verse>
				<verse number="12">МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев чи нужерго Эпафрасилги буго нужеде салам. Нужги рехсон, кидаго Аллагьасде кІудияб гьари-дугІаялда вуго гьев. Нуж камиллъагиян ва Аллагь разилъулебщинабги нужехъа лъугьагиян гьарулеб буго гьес.</verse>
				<verse number="13">Лаодикеялда ва Иераполалда ругел иман лъуразеги нужееги гІоло гьев хІаракаталда хІалтІулев вукІиналъе нугІлъи гьабулеб буго дица.</verse>
				<verse number="14">Нужеде салам битІулеб буго Демасица ва нижер хирияв тохтир Лукацаги.</verse>
				<verse number="15">Нижер салам бице Лаодикеялда ругел вацазда, гьединго Нимфада ва гьелъул рокъоб данделъулеб жамагІаталда.</verse>
				<verse number="16">Нужеца цІалун бахъараб мехалъ, гьаб кагъат битІе Лаодикеялда ругел вацазухъе, гьезги цІализе букІине. Доб Лаодикеялде битІараб кагъат нужехъе бачІинабе, нужецаги цІализе.</verse>
				<verse number="17">Архиппида абе ТІадегІанав ГІисал тІадкъай тІубазабизе кколилан.</verse>
				<verse number="18">Дица — Павелица — дирго квералъ хъвараб саламги битІулеб буго нужеде. Дида рахсал ран рукІин кІочон тоге. Баркат лъеги нужеда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="52">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Нилъер Эмен — Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде Павелил, Силал ва Тимофейил салам буго. Баркат лъеги нужеда!</verse>
				<verse number="2">Нужеде баркат рещтІаралъухъ Аллагьасе рецц гьабула нижеца кидаго, нижерго дугІадулъ нужги рехсола.</verse>
				<verse number="3">Нилъер Эмен — Аллагьасе дугІа гьабулаго нижеда кІочон толаро божи-иманалъ нуж захІмат баччизе тІамулел рукІинги, рекІелъ рокьигун хІалтІулел рукІинги ва нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде хьул лъеялъ нужелъ сабру бижун букІинги.</verse>
				<verse number="4">[4-5] Нижер Рохалил хабар, рагІабаздалъун гуребги, Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги нужехъе щведал ва гьеб кинабго хІакъаб-кьучІаб бугелъул, нижеда лъала, вацал, Аллагьасе нуж рокьулеллъиги гьес нуж тІаса рищун рукІинги. Нужеда лъала нужее лъикІлъиялъе ниж гьенир кин хІалтІаралали.</verse>
				<verse number="5"></verse>
				<verse number="6">Нижедаса ва ТІадегІанасдаса мисал босун хьвадана нуж. ГІемер гІазаб-гІакъуба бихьаниги, Илагьияб РухІалдаса рохун къабул гьабуна нужеца нижер рагІи.</verse>
				<verse number="7">Нужгоги мисаллъун лъугьана Македониялда ва Ахаялда ругел киналго иман лъуразе.</verse>
				<verse number="8">Македониялда ва Ахаялда гуребги, киса-кибего нужедасан тІибитІана ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар, гьединго тІибитІана Аллагьасде нужер иманалъул хІакъалъулъ хабарги. Гьединлъидал нужер рахъалъ лъиданиги щибниги бицине кколаро нижеца.</verse>
				<verse number="9">ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги,</verse>
				<verse number="10">хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи.</verse>
				<verse number="2">Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине.</verse>
				<verse number="3">Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо.</verse>
				<verse number="4">Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад.</verse>
				<verse number="5">Гьересияб рецц-бакъалъул рагІабигун рачІинчІо ниж гьенире, ва боцІи-рикъзиялде хъантІиги бахчун букІинчІо нижер рагІабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугІлъун.</verse>
				<verse number="6">Нижеца гІадамаздаса рецц-бакъ тІалаб гьабичІо — я нужедаса, яги цогидаздаса.</verse>
				<verse number="7">МасихІил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гІадин, цІакъ хІеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор.</verse>
				<verse number="8">Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее.</verse>
				<verse number="9">Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.</verse>
				<verse number="10">Нужги Аллагьги нугІзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букІараб ракІбацІцІалъиялъеги, ритІухълъиялъеги, гІайиб-хатІа ккезе биччачІолъиялъеги.</verse>
				<verse number="11">[11-12] Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи.</verse>
				<verse number="12"></verse>
				<verse number="13">Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагІи бицараб мехалъ, гьелъухъ гІенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букІиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ.</verse>
				<verse number="15">ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел!</verse>
				<verse number="16">Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде.</verse>
				<verse number="17">Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, — нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, — нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца.</verse>
				<verse number="18">Гьединлъидал нужехъе рачІине къачІан рукІана ниж, — дун Павелги чанцІулго къачІан вукІана, — амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее.</verse>
				<verse number="19">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги?</verse>
				<verse number="20">Нуж руго нижер чІухІиги рохелги!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьединлъидал, нужедаса ратІалъи хІехьезе кІвечІеб мехалъ, нижеца хІукму гьабуна, нижгоги Афиниялда чІун,</verse>
				<verse number="2">нужехъе Тимофей витІизе. Гьев вуго, МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар нижеда цадахъ тІибитІизабун, Аллагьасе хъулухъ гьабурав нижер вац. Гьев витІана нужер ракІбатизабизе, иман щулалъизабизе,</verse>
				<verse number="3">ва гьеб гІазаб-гІакъубаялдалъун нужер цонигияв къосунгутІизе. Нужеда лъала гьеб гІазаб-гІакъуба Аллагьас нилъее бихьизабун букІин.</verse>
				<verse number="4">Ниж гьенир ругеб мехалъго нижеца нужеда абун букІинчІищ гьеб гІазаб-гІакъуба гьечІого нилъ хутІиларилан? Гьедин ккараблъиги бихьулеб буго нужеда.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидалин, ратІалъи хІехьезе кІвечІого, дица нужехъе Тимофей витІарав, нужер иман щулаго бугищали лъазе. Илбисалъ нужги къосинарун нижер кинабго хІаракат гІадада ккезе бегьилищ?!</verse>
				<verse number="6">Гьанже Тимофей тІадвуссун вачІана ва гьес лъикІаб хабар бачІана нужер иманалъулги рокьиялъулги хІакъалъулъ. Гьес бицана, лъикІалдалъун рехсон, ниж ракІалде щвезарулел ругин нужеца ва, нуж рихьизе нижее бокьун бугеб гІадин, ниж рихьизе нужги урхъун ругилан.</verse>
				<verse number="7">Гьединлъидал, вацал, киналго балагьалги гІазаб-гІакъубаги хІехьон ругел нижер ракІал гІодоре риччана, нужер иманалъул бициндал.</verse>
				<verse number="8">Нижер чІаголъи бараб буго кьуричІого нуж ТІадегІанасда божун чІеялда.</verse>
				<verse number="9">Нужер рахъалъ нилъер Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ, гьесда церелъидал нужеца ниж рохизарурал!</verse>
				<verse number="10">Къасиги-къадги ракІ-ракІалъ гьарула нижеца гьесда нужеда берчІвазеги ва нужер иманалъулъ камурабги тІад лъезе рес ккезабеян.</verse>
				<verse number="11">Нужехъе рачІунеб нух нижее бацІцІад гьабеги нилъер Эмен — Аллагьас ва нилъер ТІадегІанав ГІисаца.</verse>
				<verse number="12">Нужеде бугеб нижер рокьиго гІадин, БетІергьанас цІикІкІинабеги ва гІемерлъизабеги цоцаздехунги цогидал киналго гІадамаздехунги нужер рокьи.</verse>
				<verse number="13">БетІергьанас нужер рекІее къвакІи кьеги, киналго вализабигун цадахъ ТІадегІанав ГІиса кІиабизеги вачІараб мехалда, нилъер Эмен — Аллагьасда цере рацІцІадаллъун ва муъминаллъун рукІине.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда.</verse>
				<verse number="2">Нужеда лъала ТІадегІанав ГІисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб:</verse>
				<verse number="3">Аллагьасе бокьун буго нуж рацІцІадго хьвадизе,</verse>
				<verse number="4">нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе,</verse>
				<verse number="5">Аллагь лъалареб халкъалъ гІадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахІбалъи гьабунгутІизе.</verse>
				<verse number="6">Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихІ-жаза гьабула. Гьелъул хІакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букІана ва гьеб тІубачІого бегьуларилан лъазабунги букІана.</verse>
				<verse number="7">Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе.</verse>
				<verse number="8">Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин.</verse>
				<verse number="9">Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе.</verse>
				<verse number="10">ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан.</verse>
				<verse number="11">Цебеги нижеца нужеда лъазабун букІараб къагІидаялъ, нужерго ишги гьабун, гІодоре риччан ва нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун рукІине хІаракат бахъе.</verse>
				<verse number="12">Гьебмехалъ цогидал гІадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магІишатги букІина.</verse>
				<verse number="13">Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе.</verse>
				<verse number="14">ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги.</verse>
				<verse number="15">Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ.</verse>
				<verse number="16">Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде.</verse>
				<verse number="17">Цинги нилъ — чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.</verse>
				<verse number="18">Гьеле гьел рагІабаздалъун цоцазул ракІбатизабе нужеца.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хІакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал.</verse>
				<verse number="2">Нужедаго мухІканго лъалелъул ТІадегІанасул къо тохлъукьего — сардилъ цІогьор гІадин бачІунеблъи.</verse>
				<verse number="3">Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо.</verse>
				<verse number="4">Нужни, вацал, бецІлъуда гьечІелъул, цІогьор гІадин бачІинаро нужехъе гьеб къо.</verse>
				<verse number="5">Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго. Нилъее я сордо гьечІо, я бецІлъи гьечІо.</verse>
				<verse number="6">Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ.</verse>
				<verse number="7">Кьижулев чи сардилъин кьижулев, мехтулев чиги сардилъин мехтулев.</verse>
				<verse number="8">Амма къоялъ гвангъизарун ругелъул, иманалъулги рокьулги къолденги ретІун, хвасарлъизе рукІиналде хьулалъул такъияги лъун, ригьун рукІине риччанте нилъ!</verse>
				<verse number="9">Жиндирго ццин нилъеде рещтІине гурелъул Аллагьас нилъ тІаса рищун ругел, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал.</verse>
				<verse number="10">Гьев нилъее гІоло хвана, жив вачІараб мехалъ хун ратаралги чІаго ратаралги, жиндаго релълъун чІаго рукІине.</verse>
				<verse number="11">Гьединлъидал цоцазул ракІбатизабе ва цоцазе квербакъе. Нужеца гьедин гьабулебги буго.</verse>
				<verse number="12">Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва ТІадегІанасул рагІул вагІза-насихІат гьабун захІмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда.</verse>
				<verse number="13">Гьез бахъулеб бугеб хІаракаталъухъ цІикІкІун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хІурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикІ рукІа!</verse>
				<verse number="14">Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кІвахІалазда рагІи абе, хІинкъаразул ракІбатизабе, загІипазда квер чІвай, киназдехунго сабруялда рукІа.</verse>
				<verse number="15">Вореха, нужер цонигияс квешлъи квешлъиялдалъун бецІизе гурин. Нужеца кидаго хІаракат бахъе цоцазеги цогидал гІадамазеги лъикІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="16">Кидаго рази-ракиго рукІа.</verse>
				<verse number="17">Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа.</verse>
				<verse number="18">Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тІуразарун, МасихІ ГІисаде цолъараб гІумру нужеца гьабизе.</verse>
				<verse number="19">Илагьияб РухІалъул цІа свине биччаге.</verse>
				<verse number="20">Аллагьасул илгьамги нахъчІваге.</verse>
				<verse number="21">Киналъулго хІалбихье, лъикІабги ккун чІа.</verse>
				<verse number="22">Кинабгоги квешлъиялдаса цІуне нужго.</verse>
				<verse number="23">Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги — нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине.</verse>
				<verse number="24">Нуж тІаса рищарав Аллагьас гьедин гьабизеги гьабила, гьев рагІи холарев вугелъул.</verse>
				<verse number="25">Нижги дугІадулъ рехсе, вацал.</verse>
				<verse number="26">Киналго вацазда, ракІ-ракІалъго баун, салам гьабе.</verse>
				<verse number="27">Аллагьасул амруялдалъун дица нужеда лъазабулеб буго гьаб кагъат киналго вацазе цІалейилан.</verse>
				<verse number="28">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="53">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Нилъер Эмен — Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан.</verse>
				<verse number="2">Нилъер Эмен — Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил салам ва баркат лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="3">Нужер иман щулалъулеб бугелъул ва нужер киназулго цоцазде рокьиги цІикІкІунеб бугелъул, нужги дугІадулъ рехсон, нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Гьеблъидалха Аллагьасе рецц гьабизе мустахІикъаб иш.</verse>
				<verse number="4">ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула.</verse>
				<verse number="5">Гьеб киналъго бицуна Аллагьасул суд ритІухъаб букІинилан. Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине мустахІикълъила нуж, гьеб сабаблъун нужее гІазаб-гІакъуба бугелъул.</verse>
				<verse number="6">Нужее гІазабги гІакъубаги кьолеб бугезе гІазабги гІакъубаги кьун, Аллагьас рекъезабила гьеб.</verse>
				<verse number="7">[7-8] Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">Гьезие тамихІги буго абадияб гІумруялдаса махІрумлъизари. Гьезда ТІадегІанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо.</verse>
				<verse number="10">Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина.</verse>
				<verse number="11">Гьединлъидалин нижеца кидаго гьари-дугІа гьабулеб, нилъер Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, гьелъие мустахІикъаллъун гьарейилан, жиндирго хІалкІолъиялдалъун гьес нужер лъикІалщинал къасдал тІуразарегийилан, нужерго ишаздалъун иман камиллъизабегийилан.</verse>
				<verse number="12">Гьедин, нилъер Аллагьасулги ТІадегІанав МасихІилги баркат щун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралъул хІурмат нужедалъун цІикІкІина ва гьесдалъун нужер хІурматги цІикІкІина.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІине вукІиналъул ва нилъ гьесда аскІоре данделъизе рукІиналъул рахъ босани, дица нужеда гьарулеб буго, вацал,</verse>
				<verse number="2">лъилниги кашпу-караматалдалъун, яги вагІза-насихІаталдалъун, яги нижеца битІарабилан абулеб кагътидалъун гьениб нужехъе хабар щвани ТІадегІанасул къо тІаде гІунтІун бугилан, нуж рихха-хочуге ва гьедигІан бигьаго къосинеги къосунге.</verse>
				<verse number="3">Лъицаниги кингоги гуккизе чІоге нуж. Гьеб къо тІаде щвелалде гІадамал Аллагьасда данде питнаялъе рахъина. Ракьалде вачІина кІудияб квешлъи гьабизе бугев ва хвалде иналъе хІалтІизе вугев чи.</verse>
				<verse number="4">Гьев чи дандечІезе вуго гІадамаз Аллагьлъун рикІкІунесдеги, гьез тІагІат-гІибадат гьабулебщиналдеги. Жив гьездасаги тІадегІанав вугилан чІела. ХІатта Аллагьасул Мукъадасаб рокъов гІодов чІун, жив Аллагь вугиланги лъазабила гьес.</verse>
				<verse number="5">Дун гьенив вугеб мехалъ гьеб киналъулго хІакъалъулъ бицун букІанагури дица, нужеда ракІалда гьечІищ гьеб?</verse>
				<verse number="6">Гьанже нужеда лъала, гьев вачІине мех щвезегІан, сунца ккун чІезавун вугевали.</verse>
				<verse number="7">Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо.</verse>
				<verse number="8">Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев.</verse>
				<verse number="9">ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила.</verse>
				<verse number="10">БатІи-батІияб хІилла-рекІкІалдалъун гуккила жидедаго тІаде тамихІ цІалеб бугел гІадамал. Гьедин ккела жиндалъун хвасарлъизе рукІараб хІакъабщинаб гьезие бокьуларелъул ва гьез гьебги нахъчІвалелъул.</verse>
				<verse number="11">Гьеб сабаблъунин Аллагьас гьезухъе битІулеб гьел къосинарулеб къуват ва гьересиялда гьел божизарулел.</verse>
				<verse number="12">Гьедин хІакъабщиналдаги божичІого, квешабщиналдаса лазат-кеп босаразе тамихІ гьабила!</verse>
				<verse number="13">ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила — Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал.</verse>
				<verse number="14">Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал.</verse>
				<verse number="15">Гьединлъидал, вацал, нуж къвакІун чІа ва вагІза-насихІатаздаги кагътидаги нижеца малъараб хІакъабщинаб кьуричІого ккве.</verse>
				<verse number="16">ТІадегІанав ГІиса МасихІица ва жиндие нилъги рокьарав, къин гьечІеб къвакІиги щулияб хьулги нилъее жиндирго баркатгун кьурав нилъер Эмен — Аллагьасги</verse>
				<verse number="17">нужер ракІал къвакІизареги ва лъикІал ишазулъги рагІабазулъги нужее квербакъаги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар хехго тІибитІизабизеги, нужер гьенибго гІадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гІадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян.</verse>
				<verse number="2">Киналго гурелъул божулел ругел, — пасатал ва квешал гІадамаздаса ниж цІунейиланги гьаре.</verse>
				<verse number="3">Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила.</verse>
				<verse number="4">ТІадегІанас нижерги ракІчІезабулеб буго нижеца малъарабщинаб нужеца гьабулеб букІиналдаги хадубккун гьабизе букІиналдаги.</verse>
				<verse number="5">Аллагьас нужер рекІелъе лъугьинабеги жиндирго гІадинаб рокьиги ва МасихІил гІадинаб сабруги.</verse>
				<verse number="6">ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан.</verse>
				<verse number="7">Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда.</verse>
				<verse number="8">Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан.</verse>
				<verse number="9">Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине.</verse>
				<verse number="10">Ниж гьенир ругеб мехалъ нижеца абулаангури нужеда: хІалтІизе бокьуларев чи кваначІого чІайилан.</verse>
				<verse number="11">Нижеда рагІидалха гьенир ругин кІвахІалал ва кколарелъуре раккун квалквал гьабулел цо-цо гІадамал.</verse>
				<verse number="12">ТІадегІанав ГІиса МасихІил вакиллъиялдалъун гьединал чагІазда гІайибги чІван, нижеца лъазабулеб буго: нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун, гІодоре риччан чІайилан.</verse>
				<verse number="13">Цинги, вацал, лъикІлъи гьабун свакаге нуж.</verse>
				<verse number="14">Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гІенеккуларев чиясдеги кІвар кьечІого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге.</verse>
				<verse number="15">Амма тушманлъи лъазабичІого, вацасе гІадин, бадибчІвай гьабе гьесие.</verse>
				<verse number="16">Нилъ ракълиде рачарав ТІадегІанас ракълида таги нуж кидаго ва сундулъго. Биччанте ТІадегІанав нужеда киназдаго цадахъ вукІине.</verse>
				<verse number="17">Дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил рахъалдасан салам буго нужеде. Гьадин чанго рагІи хъвала дица щибаб кагътида, гьанибги хъвалеб буго.</verse>
				<verse number="18">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда киназдаго!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="54">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Гьаб буго МасихІ ГІисал чапар Павелил кагъат. Нилъ хвасар гьарурав Аллагьасе ва нилъер хьул лъолев МасихІ ГІисае бокьана дун чапарлъун вукІине. Кагъат хъвалеб буго</verse>
				<verse number="2">божи-иманалдалъун унго-унголъунги дие васлъун лъугьарав Тимофейиде. Эмен — Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе!</verse>
				<verse number="3">Дун Македониялде унаго дица дуда гьарана Эфесалда чІайилан ва гІадамал къосинарулел насихІатал тІокІалъ гьаругейин абун цо-цо чагІазда лъазабейилан,</verse>
				<verse number="4">рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул.</verse>
				<verse number="5">Нилъеца гьедин малъулеб буго, ракІ-ракІалъулаб рокьиги, бацІцІадаб намусги, унго-унгояб божи-иманги цІикІкІине бокьун.</verse>
				<verse number="6">Цо-цо чагІазулъ гьеб хутІун гьечІо. Гьел машгъуллъун руго гІадада ва гІемер гаргадиялде.</verse>
				<verse number="7">Гьезие бокьун буго Мусал Къануналъул мугІалимзабилъун рукІине, амма лъаларо жидеца бицунелъул хІакъикъат ва жидедагоги бичІчІуларо гьедин ракІчІун гІадамазда лъазабулеб бугеб жоялъул магІна.</verse>
				<verse number="8">Нилъеда лъала Къанун лъикІаб жо букІин, битІун пайда босулеб бугони.</verse>
				<verse number="9">Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе,</verse>
				<verse number="10">хъахІбаял гІадамазе цоцаздасан босадул лазат босулел бихьиназе, гІадамал рикъулезе, жидерго гьаги хвезабун, гьересиго нугІлъи гьабулезе ва битІараб нухдаса гьетІаралщиназе.</verse>
				<verse number="11">БитІараб нух ккола гьардарав Аллагьасул къудраталъул хІакъалъулъ диде божилъи гьабураб Рохалил хабаралъул нух.</verse>
				<verse number="12">Дие къуват кьурав нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисае рецц! Гьес дун божизе бегьулевлъун рикІкІана ва жиндие хъулухъ гьабизе тІадкъана дида —</verse>
				<verse number="13">цебе кидаялиго жив какарасда, жив хІакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутІиялдалъун гьабулеб букІиндал, гурхІана дида Аллагь.</verse>
				<verse number="14">Нилъер ТІадегІанасул баркат гьарзалъана дие. МасихІ ГІисаде цолъидал божи-иманги рокьиги цІикІкІана дир рекІелъ.</verse>
				<verse number="15">Гьале нилъеца тІубанго къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби: МасихІ ГІиса дуниялалде вачІана мунагь-хІакъалъул агьлу хвасар гьабизе ва гьале дунги вуго гьезда гьоркьоса бищунго кІудияв мунагьчи.</verse>
				<verse number="16">Аллагьасе бокьана дида — бищунго цІикІкІун мунагьал гьарурав чиясда — МасихІ ГІисаца цІоб лъезе. Бокьана гьесде иман лъун, цІияб гІумру насиблъаразе дун мисаллъун лъугьине. Гьединлъидалин Аллагь дида гурхІарав.</verse>
				<verse number="17">Даимаб реццги цІарги абадияв парччахІасе — холарев-унарев, вихьуларев ва цохІо вугев Аллагьасе! Амин.</verse>
				<verse number="18">Тимофей, дир вас, цо кидаялиго дур хІакъалъулъ Аллагьасдасан рещтІарал рагІабиги ракІалде щун, гьадинаб тІадкъай кьолеб буго дица дуе! Гьел рагІабиги гІадахъ росун вагъе, мун гІадинав чи вагъизе кколеб куцалъ,</verse>
				<verse number="19">божи-иманалъул ва намус бацІцІалъиялъул ярагъги борчун. Цо-цо гІадамаз гІодобе рехун буго гьеб ярагъ, ва гьезул божи-иманалъул гамаги ралъдалъ гъанкъана.</verse>
				<verse number="20">Гьединазда гьоркьор руго Гьименейги Александрги, дица гьел рехана илбисалъул ханлъиялде, Аллагь какулеб гІамал тезабизелъун.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Гьеле гьедин, сундасаго цебе, дица гьарулеб буго: нужеца дугІадулъ киналго рехсе, Аллагьасда гьаре гьезда тІасалъугьайилан, гьезде баркат рещтІинабейилан. ДугІадулъ Аллагьасе реццги гьабе.</verse>
				<verse number="2">ДугІадулъ рехсе парччахІзабиги киналго хІакимзабиги. Гьедин гьабуни, нилъер гІумру букІина гІодобе биччараб ва ракълилаб, муъминлъиги цІикІкІараб, къадру-къимат борхараб.</verse>
				<verse number="3">Гьеб буго нилъ хвасар гьарулев Аллагьасда цебе лъикІаб ва гьев разилъулеб иш,</verse>
				<verse number="4">гьесие бокьун бугелъулха киналго гІадамал хвасарлъизе ва хІакъабщинаб лъаялде рачІине.</verse>
				<verse number="5">[5-6] Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат!</verse>
				<verse number="6"></verse>
				<verse number="7">Гьединлъидал Аллагьас дун витІана божи-иманалъул ва хІакъабщиналъул хІакъалъулъ цогидал халкъазда бицине илчилъун, чапарлъун ва насихІатчилъун. Дица гьереси бицунеб гьечІо, дица битІараб бицунеб буго!</verse>
				<verse number="8">Дие бокьун буго бихьиназ кидаго ва кибго гьари-дугІаялъе кверал цере кквезе рацІцІадал къасдалгун, рекІелъ ццин гьечІого ва дагІба-къец гьечІого.</verse>
				<verse number="9">Риччанте руччаби гІадатго ретІа-къан рукІине, риччанте гьел берцинлъизе бацІцІадаб намусалъги лъикІаб гІамалалъги. БотІрол рас къачІаялъ, меседалъ ва жавгьар-якъуталъ, чІухІараб ратІлица гуро гьел берцинлъизе кколел,</verse>
				<verse number="10">гьел берцинлъизе ккола Аллагьасе гІибадат гьабулел руччабазда рекъолебщиналдалъун, ай лъикІал ишаздалъун.</verse>
				<verse number="11">Йиччанте чІужугІадан, юцІцІун чІун, тІубараб мутІигІлъигун, вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизе.</verse>
				<verse number="12">Дица чІужугІаданалъе изну кьоларо насихІат гьабизе. Гьедин бихьиназда тІад кверщел гьабизе бегьуларо гьелъ. ЙицІцІун чІайилан абе!</verse>
				<verse number="13">ТІоцеве Адам вижидалха, ХІава цинги йижана.</verse>
				<verse number="14">Адам гуро къосинавурав, чІужугІадан къосинаюна. Гьелъ Аллагьасул амру тІубазабичІо.</verse>
				<verse number="15">Амма гьейги хвасарлъизе йиго лъимал гьаридал, гьайгьай, гьелъ гІумру божи-имангун ва рокьигун, бацІцІадго ва цІодорго тІамулеб бугони.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьале кьучІаб калам: бетІерлъи гьабизе ният-къасд ккей цІакъ лъикІаб иш буго.</verse>
				<verse number="2">Иман лъуразе бетІерлъи гьабизе ккола багьана-гІайиб чІвазе бакІ гьечІого гІумру гьабулев, цо нухалъ гурони чІужу ячинчІев, сабруяв, цІодорав, гІадлу-тадбир бугев, гьалбал хирияв, насихІат гьабизе бажарулев чияс.</verse>
				<verse number="3">Гьев вукІине бегьуларо гьекъолдухъан, вагъизе бокьулев чи. ВукІине ккола хІеренав, питна гьабуларев, гІарцуда хадув лъугьунарев чи.</verse>
				<verse number="4">ВукІине ккола рукъалъул агьлуялъе гІадлу гьабизе кІолев, гІинтІамулел ва сундулъго хІурмат-къадру бугел лъималазул эмен.</verse>
				<verse number="5">Жиндирго рукъалъул гІадамазе гІадлу гьабизе кІоларев чиясда Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъул тІалаб гьабизе кІвеладай?</verse>
				<verse number="6">Гьев вукІине бегьуларо цІидасан иман лъуразда гьоркьоса чи, — гьев цІакъго чІухІила, ва илбисалъе гІадинаб гІазабги хІакълъила гьесие.</verse>
				<verse number="7">Нилъер агьлуялда гъорлъ гьечІезда гьоркьобги лъикІаб цІар-рецц букІине ккола гьесие гьабулеб, гьечІони — гІадамаз кІалухъ вахъила ва илбисалъул къорикье ккела.</verse>
				<verse number="8">Гьесул кумекчагІиги рукІине ккола къадру-къимат бугел, кьураб рагІуе хисуларел, чагъир гІемер гьекъоларел, хІарамаб бечелъиялда хадур лъугьунарел,</verse>
				<verse number="9">цебе балъгояблъун букІун, гьанже нилъее загьирлъараб божи-иманалдаса кьуруларел ва намус бацІцІадал гІадамал.</verse>
				<verse number="10">Гьезулги цебеккунго хІалбихьизе ккола, ва гьезул щибниги квешлъи бихьичІони, хъулухъ гьабизе тезе бегьула.</verse>
				<verse number="11">Гьезул лъудбиги рукІине ккола адаб-хІурматалъе мустахІикъал, мацІ гьабуларел, гьекъолдуларел, сундулъго божилъи гьабизе бегьулел.</verse>
				<verse number="12">Гьел кумекчагІиги рукІине ккола цо нухалъ гурони чІужу ячинчІел ва лъималазеги рукъалъул гІадамазеги гІадлу кьезе лъалел.</verse>
				<verse number="13">Жидеца хъулухъ лъикІ гьабулеб бугилан гІадамазда гьоркьоб къимат борхараз хІинкъичІого бицине бегьула МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="14">КватІичІого духъе вачІине рес ккелилан дир хьул бугониги, хъвалел руго дица гьал насихІатал,</verse>
				<verse number="15">нагагь дун вачІине кватІани, нужеда лъан букІине Аллагьас тІаса бищараб агьлуялда, ай абадияв-даимав Аллагьасде иман лъуразул агьлуялда гьоркьор кин хьвада-чІвадилелали. Гьеб ккола хІакъабщиналъул хІубиги сангарги.</verse>
				<verse number="16">Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда.</verse>
				<verse number="2">Гьел къосинарила намусги яхІги хІатІикь мерхьарал, ххвелал гьаризе гьунар бугел гьерсихъабаз.</verse>
				<verse number="3">Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо — хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги.</verse>
				<verse number="4">Аллагьас бижанщинаб жо лъикІаб буго, баркала кьун кваналеб щибго жо нахъчІвазе бегьуларо.</verse>
				<verse number="5">Гьеб хІалаллъизабула Аллагьасул каламалъги нилъер дугІаялъги.</verse>
				<verse number="6">Диналъул вацазда гьедин малъани, мун вукІина МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев лъикІав чилъун. Божи-иманалъул рагІабазулги мун нахъвилълъарал лъикІал насихІатазулги дуе пайда бахун букІин бихьила.</verse>
				<verse number="7">Мун рикІкІад чІа Аллагь рикІкІунарезул гьересиял ва херал руччабазул гІадинал харбаздаса. Мунго ругьун гьаве хІакъаб муъминлъиялъе.</verse>
				<verse number="8">Черх къвакІизабиялъул пайда цо-цо мехалъ гурони букІунаро, муъминлъиялъул пайдайин абуни кидаго букІуна. Гьелъул пайда букІина дуниялалдаги ахираталдаги.</verse>
				<verse number="9">Гьел руго нилъеца къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби.</verse>
				<verse number="10">Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал.</verse>
				<verse number="11">Гьаб кинабго ракІалда чІезабун амру гьабе ва малъе гьезда.</verse>
				<verse number="12">ГІолохъанчи вугилан мунго гьез рикІкІинчІого тезе чІоге. Иман лъуразе мун мисаллъун вукІа бицунеб рагІулъги, гІамал-хасияталъулъги, рокьиялъулъги, божи-иманалъулъги, вацІцІалъиялъул рахъалъги.</verse>
				<verse number="13">Дун гьениве вачІинегІан ТІухьдул цІалиялде, вагІзабазде ва насихІатазде машгъуллъе.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасдасан рещтІаралда рекъон, иман лъуразул агьлуялъул бутІруз, дугІаги гьабун, тІад кверги лъун тІамураб мехалъ, Аллагьасул амруялдалъун дуе насиблъараб гьунаралдаса пайда босичІого чІоге.</verse>
				<verse number="15">Гьеб кинабго тІадчІун ва ракІ-ракІалъго гьабе. Цинги киназдаго бихьила дур иш цебетІолеб букІин.</verse>
				<verse number="16">Дуца халккве дудаго хадубги дуца малъулелда хадубги. Гьеб ишалдаса кьурун гали тІамуге, гьелдалъун дуца мунгоги духъ гІенеккаралги хвасар гьарила.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">ГІумруялъ дудаса цІикІкІарав чиясе хъачІго бадибчІвай гьабуге, инсудехун гІадин кІалъан малъе гьесда. Дудаса гІолохъанал гІадамаздаги вацазда гІадин кІалъай.</verse>
				<verse number="2">ЦІикІкІарал руччабаздехун кІалъай эбелалдехун гІадин, гІолохъаназдехун кІалъай яцазда гІадин, намусги вацІцІалъиги цІунун.</verse>
				<verse number="3">ХІакъикъаталдаги кумекалде хІажатал къоролруччабазул тІалаб-агъаз гьабе.</verse>
				<verse number="4">Къоролалъул лъимал яги лъималазул лъимал ругони, риччанте гьел ругьунлъизе божи-иман лъидасаго цебе жидерго рукъалъул агьлуялда бихьизабизе, эбел-инсул ва кІудабазул тІалаб-агъаз гьабизе. Гьеб буго Аллагь разилъулеб гІамал.</verse>
				<verse number="5">Кумекалде хІажалъарай ва тІалаб гьабизе чи гьечІого хутІарай къоролалъ, цохІо Аллагьасде хьул лъун, къасиги къадги дугІа гьабун, гьесдасан кумек гьарула.</verse>
				<verse number="6">Амма жиндиего лазаталъе гІоло гІумру гьабулей йигей къоролай ккола чІаго йикІаго хварай гІадан.</verse>
				<verse number="7">Гьаб кинабго тІубазабизе тІаме дуца гьел, гьезул гІумруялда гІайиб чІвангутІизе.</verse>
				<verse number="8">ГІагарлъиялъул, хасго рукъалъул агьлуялъул тІалаб-агъаз гьабуларев чи божи-иманалдаса ватІалъула ва иман лъечІездасаги квешлъула.</verse>
				<verse number="9">СияхІалде росе лъабкъого сонги барал, цо нухалъ гурони росасеги инчІел, къоролзаби.</verse>
				<verse number="10">Гьел рукІине ккола лъикІал ишаздалъун машгьурлъарал, лъималазе тарбия кьурал, гьалбал рокьулел, диналъул вацазул хІатІал хІурудаса чурулел, къварилъи ккарасе кумекалъе ратарал ва лъикІалщинал ишал жидеца гьарулел рукІарал руччаби.</verse>
				<verse number="11">ГІолохъанал къоролруччаби сияхІалде росуге. Жидерго гьава бергьун МасихІидаса рикІкІалъараб мехалъ, росабазе ине бокьула гьезие,</verse>
				<verse number="12">ва гьезда тІаде ккола росасе инарилан букІараб къотІи хвеялъул гІайиб.</verse>
				<verse number="13">Гьединго гьел ругьунлъула хІалтІичІого чІезе ва цо авалалдаса цогидалде хьвадизе. КІвахІаллъарал гІечІого, гІадамазда нахъасан гаргадизе ругьунлъула, чияр ишазде гьоркьоре лъугьуна, бицине рекъечІебги бицуна.</verse>
				<verse number="14">Гьединлъидал дица гІолохъанал къоролруччабазе гІакълу кьолеб буго росабазе айилан, лъимал гьарейилан, рукъалъул магІишаталде руссайилан ва тушманзабаз квешаб цІар чІвазе рукІунгейилан.</verse>
				<verse number="15">Илбисалда нахърилълъун къосарал цо-цо къоролруччабиги ругелъулха.</verse>
				<verse number="16">Диналъул яцалъул ругони къороллъун хутІарал гІагарал руччаби, биччанте гьезул тІалаб-агъаз гьелъ гьабизе. Иман лъуразул агьлуялъе бигьалъила жалго цохІо хутІарал къоролруччабазе кумек гьабизе.</verse>
				<verse number="17">Иман лъуразул агьлуялъул ишал тІуразарулезе, хасго вагІза-насихІаталъе хІалтІулезе, кІиго бутІаялъ цІикІкІун кьезе ккела мухь.</verse>
				<verse number="18">ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге» ва «ХІалтІухъан мухь кьезе мустахІикъав вуго», — ян.</verse>
				<verse number="19">Иман лъуразул агьлуялъул бутІрузда тІасан бачІараб гІарза гІадахъ босуге, гьеб битІараб букІин кІиго яги лъабго нугІас чІезабичІони.</verse>
				<verse number="20">Мунагь гьабулел гІадамалин абуни, тІолабго агьлуялда цере къватІир чІвазаре, гьелъухъ балагьун цогидалги хІинкъизе.</verse>
				<verse number="21">Аллагьасда, МасихІ ГІисада ва тІаса рищарал малаикзабазда цебе дица дуда лъазабулеб буго гьал насихІатазда рекъон хьвадейилан, щивниги ватІа гьавугейилан, лъиениги тІокІлъи гьабугейилан.</verse>
				<verse number="22">Щивниги хъулухъалъе вачине тІад квер лъезе гІедегІуге. Цогидал гІадамаз мунагьалъукье кколеб иш гьабулеб бугони, мун гьелда гьоркьов гІахьаллъуге. Мунго вацІцІадго цІуне.</verse>
				<verse number="23">Жибго лъим тІокІаб гьекъоге дуца, дагьа-дагьаб чагъир жубай, дур чехь унтараб бугелъул ва гІемерисеб мехалъ мун лъикІ гьечІого вукІунелъул.</verse>
				<verse number="24">Цо-цо чиясул мунагьал гьанжего рихьулел руго ва Аллагьасул судалде гьесда цере-цере унел руго. Цогидаз жидерго мунагьал хадур рехъерхъулел руго.</verse>
				<verse number="25">Гьединго лъикІал ишалги: цоял гьанжего рихьулел руго, цогидал рихьулел гьечІо, амма кингоги гьел лъачІого хутІуларо.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Лагълъиялъул кьили гьодида бугез кІвараб хІалалъ хІурмат гьабизе ккола жидерго бетІергьабазул, — Аллагьги нилъер божи-иманги гІадамаз какунгутІизе.</verse>
				<verse number="2">Лагъзадерил бетІергьабаз иман лъун бугониги, жал диналъул вацал ругилан лагъзадерица адаб рехизе бегьуларо. Дагьабги жигар бахъун хъулухъ гьабизе биччанте, гьез хъулухъ гьабулеб бугелъул иман лъурал ва Аллагьасе рокьулел гІадамазе. Гьаб кинабго малъизе ва гьезул рекІелъе лъугьинабизе ккола дуца!</verse>
				<verse number="3">Цо лъицаниги гьересинасихІат гьабулеб бугони, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъал рагІабаздаса, унго-унголъун Аллагьасе гІибадат гьабиялдаса щивниги кьурулев вугони,</verse>
				<verse number="4">гьев ккола чІухІи-пахрулъиялъул цІурав ва щибго бичІчІуларев чи. ЖахІдаги, кьалги, хьандейги, квешал щакдарабиги рижулеб дагІба-рагІиялде ва рагІабазул магІна сабаблъун къацандиялде бугеб хІасраталъ унти ккезабун букІуна гьединав чиясда.</verse>
				<verse number="5">Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц.</verse>
				<verse number="6">ХІакъикъаталда божи-иман кІудияб бечелъи буго гІицІго жидер бугеб жоялда ракІ разилъизе лъалел гІадамазе.</verse>
				<verse number="7">Нилъеца дуниялалде щибго босун бачІунарелъулха ва гьаниса щибго цадахъ босизеги нилъеда кІоларелъул.</verse>
				<verse number="8">Квине квенги ретІине ретІелги бугони, гьелда разилъун рукІина!</verse>
				<verse number="9">Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе.</verse>
				<verse number="10">Киналго квешлъабазул аслу-кьучІ ккола гІарац бокьи. Руго гІадамал гІарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гІакъуба-къварилъабазул чІораз рекІеда ругъун лъезе биччарал.</verse>
				<verse number="11">Амма мун, Аллагьасул лагъ, гьелдаса лъуте! Дуца тІалаб гьабе ритІухълъи, унго-унгояб муъминлъи, божи-иман, рокьи, къуркьунгутІи, хІеренлъи.</verse>
				<verse number="12">Божи-иманалъе гІоло къеркье! ГІемерал нугІзабазда цебе дуца лъикІаб къагІидаялъ дурго божи-иманалъул бициндал, Аллагьас дуе насиблъизабуна абадияб гІумру. Гьеб шапакъаталдаса махІрумлъизе чІоге!</verse>
				<verse number="13">Щибаб жо бижарав Аллагьасе гІоло ва Понтий Пилатида цебе лъикІаб къагІидаялъ божи-иманалъул бицарав МасихІ ГІисаеги гІоло гьарулеб буго дуда,</verse>
				<verse number="14">нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІинегІан ритІухъго ва гІайиб чІвазе бакІ гьечІеб хІалалъ тІуразарейин Аллагьасул амруял абун.</verse>
				<verse number="15">ЦІараб болжалалда Аллагьас гьев загьир гьавила. ЦохІо вугев ХІакимас, парччахІзабазулги ПарччахІас, ханзабазулги Ханас — Гьардарав Аллагьас загьир гьавила.</verse>
				<verse number="16">ЦохІо гьесие хвел гьечІо, гьев вуго лъиданиги гІагарлъизе кІолареб Нуралъулъ. Гьев лъиданиги вихьичІо ва вихьизе ресги гьечІо. Абадияб реццги цІарги гьесие. Амин.</verse>
				<verse number="17">Гьаб дуниялалда бечедго ругезда лъазабе гІамал кІодолъугеян ва хехго тІаса унеб бечелъиялде хьул лъогейилан. Нилъ разилъизелъун къваригІанщинаб гьарзаго кьолев Аллагьасде хьул лъейилан абе.</verse>
				<verse number="18">ЛъикІлъи гьабизе тІаме гьел, риччанте лъикІал ишаздалъун бечелъизе. Риччанте квер биччарал рукІине, цогидазе кьезе кидаго хІадурал рукІине.</verse>
				<verse number="19">Гьедин бакІарейин абе жиндалъун унго-унгояб гІумру насиблъулеб ва букІинеселъул щулияб кьучІлъун кколеб хазина.</verse>
				<verse number="20">Дуде божилъи гьабун бугебщинаб цІуне, Тимофей, дуца. Аллагь рикІкІунарезул чІандахабаралдаса ва гІадамаз гьересиго «лъай» абун цІар лъуралда тІасан дагІбадиялдаса рикІкІалъе.</verse>
				<verse number="21">Гьеб лъай жиделъ бугилан чІун, цо-цо гІадамал божи-иманалъул нухдаса тарана. Аллагьасул баркат лъеги нужеда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="55">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Аллагьасе бокьун МасихІ ГІисал чапарлъун лъугьарав Аллагьас гІаламалъе кьелин абун букІараб ва гьанже МасихІ ГІисадалъун загьирлъараб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ Хабар бицине витІарав Павелил рахъалдасан</verse>
				<verse number="2">дие хирияв вас Тимофейиде. Эмен — Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе!</verse>
				<verse number="3">Къасиги къадги гьоркьоса къотІичІого дир щибаб гьари-дугІаялъулъ мун ракІалде щвараб мехалъ, дица рецц гьабула дир умумузго гІадин, ракІбацІцІадго жиндие хъулухъ гьабулев Аллагьасе.</verse>
				<verse number="4">Дида ракІалда буго дур бадисан чвахараб магІу, ва дун урхъун вуго, мунги вихьун, ракІ-ракІалъго вохизе щвеялъухъ.</verse>
				<verse number="5">Дида ракІалде щола дур унго-унгояб божи-иман. Гьеб цебего тІинкІана дур кІодо Лоидал ва дур эбел Эвникал рекІелъе. Дир ракІчІола дур рекІелъги гьеб букІиналда.</verse>
				<verse number="6">Гьеле гьединлъидал дица дуда ракІалде щвезабулеб буго: дица тІад квер лъун Аллагьасдасан дулъе лъугьараб махщел-гьунаралъул цІа боркьизабе.</verse>
				<verse number="7">Аллагьас нилъее хІинкъун чІеялъул гуреб, къуваталъул, рокьул ва цІодорлъиялъул рухІин кьун бугеб.</verse>
				<verse number="8">Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба.</verse>
				<verse number="9">ТІасаги рищун, гьес нилъ хвасар гьаруна ва рацІцІалъейилан лъазабуна, нилъер ишазухъ балагьун гуреб, гьесие бокьидал ва нилъеда гурхІидал. МасихІ ГІисадалъун гьеб баркат нилъее Аллагьас кьун букІана дуниял бижилелдего.</verse>
				<verse number="10">Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна.</verse>
				<verse number="11">Гьеб Рохалил хабар бицине чапарлъун, илчилъун ва мугІалимлъун витІана Аллагьас дун.</verse>
				<verse number="12">Гьеб сабаблъунин дица гьадинаб гІазаб-гІакъуба хІехьолеб бугеб. Амма дун гьелдаса рекІекълъуларо. Дида лъала лъида дун божаравали ва дир ракІчІола диде божилъи гьабураб жо гьес Къиямасеб къо чІезегІан цІунизе букІиналда.</verse>
				<verse number="13">Дица дуда малъарал хІакъал рагІаби кьуричІого ккве дуца. Риччанте гьел дуе мисаллъун рукІине. МасихІ ГІисагун цолъун, божиги рокьиги цІуне.</verse>
				<verse number="14">Нилъелъ бугеб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун дуде божилъи гьабураб лъикІабщинабги цІуне.</verse>
				<verse number="15">Дуда лъала Асия вилаяталда киназго, гьездаго цадахъ Фигелицаги Гьермогеницаги, диде мугъ рехараблъи.</verse>
				<verse number="16">БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо.</verse>
				<verse number="17">Рималде вачІараб мехалъ, дун валагьизе хІаракат бахъана ахирги дун ватизегІан.</verse>
				<verse number="18">Къиямасеб къоялъ БетІергьан гурхІаги гьесда! Эфесалда гьес дие гьабунщинаб кумек лъидасаго лъикІ лъала дуда.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола МасихІ ГІисаде цолъиялдалъун.</verse>
				<verse number="2">ЦІакъго гІемерал нугІзал ругеб бакІалда дидасан дуда рагІанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гІадамазда.</verse>
				<verse number="3">МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа.</verse>
				<verse number="4">Чабхъеналда гІахьаллъарав рагъухъан магІишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахІарав цевехъан разилъизавизе хІаракат бахъула гьес.</verse>
				<verse number="5">Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букІине кколеб къагІидаялъ гьев гугаричІони.</verse>
				<verse number="6">Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа.</verse>
				<verse number="7">Дир рагІабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичІчІизе кумек гьабила дуе ТІадегІанас.</verse>
				<verse number="8">Давудил наслуялъул вас ГІиса МасихІ ракІалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго дица.</verse>
				<verse number="9">Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие — такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо!</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидал дица кинабго хІехьолеб буго тІаса рищаразе гІоло — МасихІ ГІисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе.</verse>
				<verse number="11">ЦІакъ ритІухъал рагІаби руго: Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чІагоги рукІина,</verse>
				<verse number="12">Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила,</verse>
				<verse number="13">Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда.</verse>
				<verse number="14">Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб. Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо.</verse>
				<verse number="15">Мун гІазаб-гІакъуба хІехьарав чи вугелъул, кІвараб хІалалъ хІаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. ЗахІматалдаса намуслъизе бакІ гьечІев ва хІакъаб рагІи гурони бицунарев хІалтІухъанлъун вукІа.</verse>
				<verse number="16">Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула.</verse>
				<verse number="17">ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги,</verse>
				<verse number="18">— гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго.</verse>
				<verse number="19">Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда.</verse>
				<verse number="20">Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе.</verse>
				<verse number="21">Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна.</verse>
				<verse number="22">ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе.</verse>
				<verse number="23">ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи.</verse>
				<verse number="24">ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечІо гьелда гьоркьов гІахьаллъизе. Гьев вукІине ккола киназдехунго ракІлъикІав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи.</verse>
				<verse number="25">Жинде дандечІаразеги гьес хІеренго-хІалимго гьабизе ккола насихІат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекІекълъизе тІамила Аллагьас гьел ва хІакъабщинаб лъаялде рачина.</verse>
				<verse number="26">Цинги гьел кантІила, илбисалъул амруялъе мутІигІлъиялдалъун гьел ккун рукІараб къорикьа рорчІила.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гІагарлъидал, захІматаб заман бачІине букІин.</verse>
				<verse number="2">ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила.</verse>
				<verse number="3">Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал,</verse>
				<verse number="4">хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила.</verse>
				<verse number="5">Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун.</verse>
				<verse number="6">Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гІадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутІигІ гьарула мунагьазул гьир бакІлъарал, батІи-батІиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби.</verse>
				<verse number="7">Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хІакъабщиналда нахъгІунтІуларо.</verse>
				<verse number="8">Мусаде данде Яннесги Ямбресги чІарал гІадин, пасатаб пикруялъул гьел гІадамалги хІакъабщиналде дандечІун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман.</verse>
				<verse number="9">Амма гьезул иш битІун ккеларо. Дол кІиязулго гІантлъиго гІадин, гьезул гІантлъиги къватІибе загьирлъила!</verse>
				<verse number="10">[10-11] НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба — гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун!</verse>
				<verse number="11"></verse>
				<verse number="12">МасихІ ГІисаде цолъун, бацІцІадго гІумру гьабизе бокьаралщиназеги букІине буго гьединаб гІазаб-гІакъуба.</verse>
				<verse number="13">Амма квешлъиги хІилла-рекІкІги гьабулел гІадамал дагьабги квешалде ина. Гьезги гуккулел руго — гьелги гуккулел руго.</verse>
				<verse number="14">Мунго чІа дудаго малъарабги тІубанго дур рекІеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугІалимзаби щалали.</verse>
				<verse number="15">Лъимерлъудасаго лъана дуда Хириял ТІухьдул. Гьел ТІухьдузул гІакъиллъиялда кІола МасихІ ГІисаде божи-иманалдалъун мун хвасарлъулеб куц малъизе.</verse>
				<verse number="16">Киналго ТІухьдул — Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул.</verse>
				<verse number="17">Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Аллагьасда цебе ва чІагоязеги хваразеги суд гьабизе ПарччахІлъун вачІунев МасихІ ГІисада цебе дица кутакалда гьарулеб буго:</verse>
				<verse number="2">санагІалъи бугеб мехалъги, гьечІеб мехалъги, Аллагьасул рагІи гІадамазда лъазабизе хІаракат бахъе. Дуца гьел божизаре, гьезие бадибчІвай гьабе, рекІелъ сабругун малъе гьезда. Дарсал кьолаго, кидагоги сабру гьабичІого тоге.</verse>
				<verse number="3">Жидеда битІараб малъулел ругел хІехьезе кІвечІого, гІадамаз рагІизе хІасрат бугебщинаб рагІизелъун жидедаго сверухъе мугІалимзабазул тІубараб бо бакІарулеб заман бачІине буго.</verse>
				<verse number="4">ХІакъабщинаб рагІизе бокьичІого, маргьабазухъ гІенеккила гьел.</verse>
				<verse number="5">Амма сундулъго дур сабру букІине ккола. ГІазаб-гІакъуба хІехье. Рохалил хабар лъазабун, дурго иш гьабе, дурго хъулухъ тІубазабе.</verse>
				<verse number="6">Дир рахъалъ абуни, хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир лъугІулеб гІадин, лъугІун унел руго дир гІумруялъул къоял. Къокъине заман гІагарлъун буго.</verse>
				<verse number="7">Дун лъикІго гугарана, дун чІчІалде щвезегІан векерана, дица божи-иман цІунана.</verse>
				<verse number="8">Аллагь разилъизавидал, гьанже дие къачІан буго бергьенлъиялъул шапакъат. Къиямасеб къоялъ ТІадегІанас кьела дие гьеб. Гьев вуго ритІухъав судияв. ЦохІо дие гуребги, гьев вачІиналъухъ гІащикъго ралагьун чІун ругелщиназеги кьела гьес гьеб.</verse>
				<verse number="9">Дуца хІаракат бахъе хехго дихъе вачІине.</verse>
				<verse number="10">Гьаб дуниялалде рокьи цІикІкІун дун рехун тана Демасица ва Фессалоникаялде ана. Крескент Галатиялде ана, Тит Далматиялде ана.</verse>
				<verse number="11">Дида аскІов цохІо Лука хутІун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цІакъ кумек гьабула.</verse>
				<verse number="12">Тихик дица Эфесалде витІана.</verse>
				<verse number="13">Мун гьаниве вачІунаго, дуца босе Троадаялда Карпил бакІалда хутІараб дир гІаба, тІахьалги росе, хасго къухьдузда хъварал.</verse>
				<verse number="14">Маххул устар Александрица гІемераб квешлъи гьабуна дие. Гьесул ишазда рекъон жаза гьабеги БетІергьанас гьесие!</verse>
				<verse number="15">Мунги гьесдаса цІунун чІа, нилъеца лъазабулеб бугеб Хабаралде цІакъ гІасиго дандечІун вугин гьев.</verse>
				<verse number="16">ТІоцебе дие суд гьабулеб букІараб мехалда, кумекалъе щивниги вачІинчІо, киназго дун рехун тун вуго. Гьезул гІайиблъун рикІкІунгеги гьеб!</verse>
				<verse number="17">Амма ТІадегІанав ГІиса дида цадахъ вукІана. Гьес дие къуват кьуна цогидал халкъаздаги Рохалил хабар тІубанго лъазабизе. ГъалбацІалъул гажаздаса хвасар гьавуна гьес дун.</verse>
				<verse number="18">ТІадегІанас дун кинабго квешлъиялдаса ворчІизавила ва щибго зарал ккечІого жиндирго Зобалазулаб ПарччахІлъиялде вачина. Гьесие абадияб рецц! Амин!</verse>
				<verse number="19">Салам бице Прискиллада ва Аквилада, гьединго Онесифорил тІолабго рукъалъул агьлуялда.</verse>
				<verse number="20">Эраст Коринфалда чІун вуго. Унтун вукІиндал, Трофим дица Милеталда тана.</verse>
				<verse number="21">Хасел тІаде щвелалде вачІине хІаракат бахъе. Дуде салам битІулеб буго Эвбулица, Пудица, Линица, Клавдияца ва киналго диналъул вацаз.</verse>
				<verse number="22">ТІадегІанас кидаго рехун тогеги мун! Аллагьасул цІоб лъеги нужеда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="56">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Аллагьасул лагъ ва ГІиса МасихІил чапар Павелица хъвалеб буго. ТІаса рищаразулъ божи-иман щулалъизабизе ва муъминлъиялде рачунеб хІакъаб нух гьезда бихьизабизе витІун вукІана дун.</verse>
				<verse number="2">Гьеб нухдасан ун, нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьул буго. Жеги замана бижилелдего Аллагьас къотІи гьабун букІана нилъ абадияб гІумруялде рачине. Аллагьасул рагІи хвезе рес гьечІо!</verse>
				<verse number="3">Нилъ хвасар гьарулев Аллагьас, жинцаго болжал цІараб заманаялда гьебги загьир гьабун, дида гьелъул бицине тІадкъана.</verse>
				<verse number="4">Божи-иманалъулъ дунгун цолъун, хІакълъунго дие васлъун лъугьарав Тит, Эмен — Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал баркатги гурхІелги рещтІаги дуде.</verse>
				<verse number="5">Дица мун Криталда тун вуго гьениб жеги лъугІичІого хутІун букІараб иш лъикІ гІуцІизе ва дица дуда лъазабун букІараб къагІидаялъ щибаб шагьаралда иман лъуразул агьлуялъул бетІерги тІамизе.</verse>
				<verse number="6">Гьев вукІине ккола жинда гІайибги чІваларев, цохІо гурони лъадиги ячинчІев чи, гьесул рукІине ккола пасалъиялъулги мутІигІлъунгутІиялъулги рахъалъ кІалухъ рахъичІел муъминал лъимал.</verse>
				<verse number="7">Аллагьасул ишазул тІалаб гьабун тарав чи вугелъул, иман лъуразул агьлуялъул бетІер вукІине ккола жинда гІайиб чІваларев, чІухІи-пахрулъи гьечІев, ццин бахъунарев, гьекъезе бокьуларев, вагъизе гІедегІуларев ва хъантІи гьечІев чи.</verse>
				<verse number="8">ВукІине ккола гьобол хирияв, лъикІлъи бокьулев, тІокІал жал гьаруларев, ритІухъав, Аллагьасда цеве вацІцІадав ва жиндаго квелъ базе кІолев чи.</verse>
				<verse number="9">Жинда малъараб ва божизе бегьулеб рагІудаса кьуризе бегьуларо гьев. Гьес насихІат гьабизе кколелъул бацІцІадаб диналъул рахъалъ ва гьелда дандечІаралги ритІизаризе кколелъул.</verse>
				<verse number="10">ГІемер ругелъулха мутІигІлъуларел, чІанда бицунел ва гІадамал гуккулел чагІи, хасго жугьутІазул гІадатал цІунулезда гьоркьор.</verse>
				<verse number="11">Гьезул кІал къазе ккола. Жидерго инжитаб хъантІиялъ гьез тІубарал хъизанал, малъизе бегьуларебги малъун, руссине-сверизе гьарулел ругелъул.</verse>
				<verse number="12">Жидерго шагІирасги гьезул хІакъалъулъ гьадин абун буго: «Криталъул гІадамал — кидаго гьерсихъаби, ццидалал жанаварал, кІвахІалал чохьокал!»</verse>
				<verse number="13">ХІакъал рагІаби руго гьел. Гьединлъидал дуца гьезие бадибчІвай гьабе, нужер божи-иман загІиплъизе тогеян,</verse>
				<verse number="14">ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян.</verse>
				<verse number="15">Жалго рацІцІадазейин кинабгоги хІалалаб бугеб. Амма хъубазе ва божи-иман гьечІезе щибгоги хІарамаб буго. Гьезул гІакълу-пикруги яхІ-намусги хъублъун бугелъулха.</verse>
				<verse number="16">Жидеда Аллагь лъалилан чІаниги, жидерго ишаздалъун гьесдаса инкар гьабулеб буго гьез. Гьел руго нахъегІанал, мутІигІлъуларел ва щибниги лъикІлъи гьабизе жидехъа бажаруларел гІадамал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">БацІцІадаб диналда рекъон насихІат гьабе дуца.</verse>
				<verse number="2">Херал бихьинал рукІине ккола гІорхъи-рахъ цІунарал, цІодорал, тІокІал жал гьаруларел, божи-иманги, рокьиги ва сабруги бугел.</verse>
				<verse number="3">Гьединго херал руччаби рукІине ккола вализабазул гІадаб хьвада-чІвадиялъул, жидеца мацІги гьабуларел, чогърое лагълъиги гьабуларел ва лъикІабщинабги малъулел.</verse>
				<verse number="4">[4-5] Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун.</verse>
				<verse number="5"></verse>
				<verse number="6">Гьединго гІолохъабаздаги малъе тІокІал жал гьаругейилан.</verse>
				<verse number="7">ЛъикІал ишаздалъун дуца сундулъго мисал бихьизабе, — мун вукІине ккола къадру-къимат борхарав ва бацІцІадаб гІамал-хасияталъул насихІатчилъун.</verse>
				<verse number="8">Каламги дур букІине ккола кьучІаб ва тІад кІалъазе бакІ гьечІеб, нилъер хІакъалъулъ абизе квешаб рагІиги батичІого, нилъеда дандечІаралал инжитлъулеб.</verse>
				<verse number="9">Лагъзадерида бичІчІизабе жидерго бетІергьабазе мутІигІлъизе ва гьел рази гьаризе кколилан, гьезул рагІи къотІугейилан,</verse>
				<verse number="10">гьезие цІогь гьабугейилан ва сундулъго лъикІаб божилъи бихьизабейиланги, — гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи.</verse>
				<verse number="11">Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха.</verse>
				<verse number="12">Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутІиги дуниял хиралъиги нахъчІван, гьаб гІасруялда нилъ хьвадейин: ритІухълъиги цІунун, Аллагьасукьаги хІинкъун ва тІокІал жалги гьаричІого.</verse>
				<verse number="13">Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ.</verse>
				<verse number="14">Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица.</verse>
				<verse number="15">Дур тІолабго ихтияралдаса пайдаги босун, гьеб кинабго бице, бичІчІизабе ва къосунел ругелалги чІезаре. Гьез мунго рикІкІунгутІизе биччаге.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьезда кидаго ракІалде щвезабе хІакимзабазе мутІигІлъизе кколилан, ракІалде щвезабе малъараб гьабейилан, лъикІабщинаб гьабизеги хІадурго чІайилан,</verse>
				<verse number="2">лъилниги хІакъалъулъ квешаб рагІи абугейилан, дагІбадугейилан, хІалимлъейилан, киналго гІадамаздехун хІеренлъейилан.</verse>
				<verse number="3">Цере нилъги рукІиндалха гІантал, Аллагьасде мутІигІлъуларел, къосинарурал, нилъерго гьаваялъеги ва батІи-батІиял лазатазеги лагълъи гьабулел, ццидалъги жахІдаялъулъги къарал чагІи; нилъее гІадамалги рокьулароан, гІадамазе нилъги рокьулароан.</verse>
				<verse number="4">Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикІлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана.</verse>
				<verse number="5">Илагьияб РухІалдалъун цІидасан рижиги насиблъизабун ва цІияб гІумруги кьун, гьес нилъ рацІцІалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритІухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхІелалдалъун.</verse>
				<verse number="6">Нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІидалъун гьеб РухІ Аллагьас нилъеде гьарзаго чвахизабуна.</verse>
				<verse number="7">МасихІил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритІухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьулги цІикІкІинабуна.</verse>
				<verse number="8">ХІакъал рагІаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тІадчІезе, Аллагьасде иман лъурал гІадамалги гьелдалъун лъикІал ишазде руссине. ГІадамазе лъикІлъиги пайдаги кьола гьел ишаз.</verse>
				<verse number="9">Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро.</verse>
				<verse number="10">Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа,</verse>
				<verse number="11">дуда лъалелъул гьединав чи къосун вукІин. Мунагьал гІемерлъиялдалъун гьес жинцаго жиндиего хІукму къотІун буго.</verse>
				<verse number="12">Дица духъе Артема яги Тихик витІун вачІаравго, дида аскІове Никополалде гІедегІе мун, гьениб хасел тІамизе хІукму гьабун бугин дица.</verse>
				<verse number="13">Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритІе ва нухда гьезие къваригІунебщинабги кье.</verse>
				<verse number="14">ЛъикІал ишазде ругьунлъизе риччанте нилъер гІадамал, цогидазул къварилъи бацІцІине ва жидерго ишазул гъотІода пихъги бижизе.</verse>
				<verse number="15">Гьанир дида аскІор ругелщиназулги салам буго дуде. Божи-иманги цогоял нижги рокьулел гІадамазда салам бице. Нужеда киназдаго баркат лъеги.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="57">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">МасихІ ГІисаде иман лъеялдалъун туснахъалъув тІамурав Павелил ва нилъер вац Тимофейил салам буго нижер хирияв кумекчи Филемониде,</verse>
				<verse number="2">нижер яц Апфияде, нилъер ишалъул къеркьохъан Архиппиде ва дур рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялде.</verse>
				<verse number="3">Нилъер Эмен Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.</verse>
				<verse number="4">Аллагьасе рецц гьабун, кидаго дица мун дирго дугІабазулъ рехсола.</verse>
				<verse number="5">ТІадегІанав ГІисаде дур божи-иманалъулги ва киналго иман лъуразде бугеб рокьиялъулги хІакъалъулъ рагІана дида</verse>
				<verse number="6">МасихІиде цолъараб гІумруялъулъ нилъее гІемераб лъикІабщинаб щвана. Гьеб дуда мухІканго бичІчІиялде мун нилъер божи-иман цо букІиналъ вачагиян гьарула дица.</verse>
				<verse number="7">Дун вохана, вац, ва цІакъ разилъана ниж дуе рокьулел рукІинги иман лъуразул дуца ракІбатизабулеб букІинги лъайдал.</verse>
				<verse number="8">МасихІил диналъул вац вугелъул, дуца тІубазабизе кколеб ишалъул рахъалъ дуе амру гьабизеги ихтияр буго дир.</verse>
				<verse number="9">Амма дие мун вокьулелъул, дица — Павелица, МасихІ ГІисал вакилас, тІадежоялъеги гьанже гьесие гІоло туснахъалъув тІамурав чияс — дуда гьарун толеб буго.</verse>
				<verse number="10">Дир васлъун кколев Онесимил рахъалъ гьарулеб буго дица дуда. Рахсаз вухь-вухьун вугеб мехалъ дун гьесул эменлъун лъугьана.</verse>
				<verse number="11">Цебе гьесдаса дуе пайда букІинчІо, амма гьанже дуеги диеги пайда буго гьесдаса.</verse>
				<verse number="12">Дица гьев тІадвуссун духъе витІулев вуго, гьесда хадуб дирго ракІ бахъун унеб бугониги.</verse>
				<verse number="13">Дун туснахъалъув вугевгІан заманаялъ, гьев гьанив тезе бокьун букІана Рохалил хабар тІибитІизабиялъул ишалъулъ, мунги хисун, гьес дие кумек гьабизе.</verse>
				<verse number="14">Амма дур изну гьечІого щибго гьабичІо дица, — зулмуялдалъун гуреб, мунго разилъун, гьеб лъикІаб иш дуца гьабизе бокьун.</verse>
				<verse number="15">ТІубанго тІадвуссун духъе вачІинелъун ватила Онесим дагьабго заманаялъ дудаса ватІалъун вукІарав.</verse>
				<verse number="16">Гьанже гьев гІадатияв лагъ гуро, лагъасдасаги гІемерго тІадегІанав чи вуго, хасго дие ва дагьавги цІакъ дуеги вокьулев вац вуго. Лагълъун вугони щиб гьев, ТІадегІанав МасихІида цеве дур вац вугелъул.</verse>
				<verse number="17">Цинги, дуца дун нужер агьлуялъул чилъун къабул гьавулев ватани, дун гІадин къабул гьаве дуца гьевги.</verse>
				<verse number="18">Гьес мун сундалъунниги къварид гьавун ватани, яги гьесда налъи бугеб батани, дида тІад хъвай гьеб.</verse>
				<verse number="19">Гьале дица — Павелица дирго квералъ хъвалеб буго: дица гьеб налъи бецІила. Дур гІумругицин дие налъилъун бугиланги абиларо дица.</verse>
				<verse number="20">Мунги диналъул вац вугелъул, ТІадегІанасе гІоло гьеб гьари тІубазабе. Гьедин, МасихІие гІоло, дир ракІ гІодобе биччазабе.</verse>
				<verse number="21">Мун дихъ гІенеккизе вукІиналда ракІчІун хъвалеб буго дица гьаб. Дида лъала дица гьараралдасаги цІикІкІун дуца гьабизе букІин.</verse>
				<verse number="22">Гьанже, вац, цо дие чІезе бакІги къачІай гьениб. Нужер гьари-дугІа къабул гьабун, Аллагьас дун нужехъе тІадвуссинавизеги бегьула.</verse>
				<verse number="23">МасихІ ГІиса сабаблъун дида цадахъ туснахъалъув вугев Эпафрасил,</verse>
				<verse number="24">гьединго дир кумекчагІи Маркилги, Аристархилги, Демасилги, Лукалги салам буго дуде.</verse>
				<verse number="25">ТІадегІанав МасихІ ГІисал баркат лъеги нужер рухІазда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="58">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун.</verse>
				<verse number="2">Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам.</verse>
				<verse number="3">Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда.</verse>
				<verse number="4">Малаикзабазулаздаса кигІан тІадегІанаб цІар Аллагьас гьесие кьураб батаниги, гьебго даражаялда малаикзабаздаса тІадегІанлъизавуна гьес жиндирго вас.</verse>
				<verse number="5">Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас: «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», — ян? Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас: «Дун гьасул Эменлъун лъугьина, Гьавги дир Васлъун лъугьина», — ян.</verse>
				<verse number="6">Жиндирго тІоцеве гьавурав Вас ракьалде витІулеб мехалъ, гьес абуна: «Аллагьасул киналго малаикзабаз гьасие сужда гьабизе буго», — ян.</verse>
				<verse number="7">Малаикзабазул хІакъалъулъ абун буго: «Аллагьас рижарал малаикзаби гьурал гІадинал руго, гьесул рагьтІателалги цІадул мацІал гІадинал руго».</verse>
				<verse number="8">Васасул хІакъалъулъ абун буго: «Абадул-абадиялъго букІина дур парччахІлъи!» Цогиги: «РитІухъаб ханлъи гьабила, я БетІергьан, дуца дурго халкъалъе.</verse>
				<verse number="9">РитІухълъи дуе хирияб буго, квешлъи дуе цІакъ рихараб буго. Гьединлъидалин, я дир ПарччахІ, дур Аллагьас мун тІаса вищарав, парччахІлъун вукІинеги мустахІикълъарав. Дур гьалмагъзабазеялдаса цІикІкІараб рохелги хІурматги насиблъана дуе».</verse>
				<verse number="10">Цоги абун буго: «Дуца тІоцебе ракь бижана, я БетІергьан, Дуца зобалги рижана.</verse>
				<verse number="11">Гьел щущан ина, амма мун нахъе хутІила. РетІел-кун гІадин хохон ина гьел киналго.</verse>
				<verse number="12">ТІимугъ гІадин гура-сурун рехила дуца гьел, Гурде-тІажу гІадин, хис-хисила гьел, Амма мун киданиги хисиларо. Дуе ахир гьечІо».</verse>
				<verse number="13">Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»?</verse>
				<verse number="14">Малаикзаби щал кколел? Гьел руго Аллагьасе хъулухъалъе чІарал ва хвасарлъи ирсалъе щолезе кумек гьабизе гьес ритІулел рухІал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Гьединлъидалин нилъеда рагІараб Аллагьасул калам щулаго кквезе кколеб, хІакъаб нухдаса нилъго тарунгутІизе.</verse>
				<verse number="2">Малаикзабиги ритІун нилъер умумузухъе Аллагьас рещтІинабураб рагІигицин щулияб букІана, гьелъие мукІурлъичІезе яги гьелъухъ гІенеккичІезе ритІухъаб тамихІги гьабуна.</verse>
				<verse number="3">Гьанже загьирлъараб цІакъго кІудияб хвасарлъиялде мугъ рехани, кинха нилъ хвасарлъилел? ТІадегІанас жинцаго тІоцебе лъазабуна нилъеда гьеб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ, гьесухъ гІенеккаразги бихьизабуна гьеб хІакъаб букІин.</verse>
				<verse number="4">БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие.</verse>
				<verse number="5">Гьеб нилъеца бицунеб бугеб цІияб дуниялалъул кверщел малаикзабазухъе гуро Аллагьас кьураб.</verse>
				<verse number="6">ТІухьдузда буго гьадин хъвараб бакІ: «ГІадан щиб жо кколеб, я Аллагь, дуца гьесул пикру гьабизе ккани? Инсанасул тІалаб щай дуца гьабулеб?</verse>
				<verse number="7">Малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьуна дуца инсанасе, ЦІарги реццги насиблъизабуна дуца гьесие,</verse>
				<verse number="8">Бижанщиналъул кверщелги кьуна гьесухъе». «Бижанщиналъул кверщел кьунин» инсанасухъейилан абулеб буго, гьесул кверщаликь гьечІеб жо щибниги хутІичІеблъиги бичІчІулеб буго. Бугониги — бижанщиналъул кверщел гьанже инсанасухъ бихьулеб гьечІо нилъеда.</verse>
				<verse number="9">Амма нилъеда вихьулев вуго Аллагьасул рахІму-цІобалдалъун нилъ киназего гІоло хвезе дагьабго заманаялъе «малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьурав» ГІиса. Нилъеда бихьулеб буго, жинца хІехьараб хвел сабаблъун, гьанже гьесие «цІарги реццги насиблъун букІин».</verse>
				<verse number="10">Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, — гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел!</verse>
				<verse number="11">Гьеслъидал гІадамал рацІцІалъизарулел. Жинца гІадамал рацІцІалъизарулевги ва жал рацІцІалъизарулелги ЦохІо вугесдасан рачІарал руго. Гьединлъидалин ГІиса намуслъуларев гьел жиндир вацал ругин абизе.</verse>
				<verse number="12">Гьес Аллагьасда абулеб буго: «Дица дирго вацазул жамагІаталда жанив мун кІодо гьавила, гьезул данделъиялда рецц гьабила дица дуе».</verse>
				<verse number="13">Цоги гьес абулеб буго: «Гьесдейин дир хьул букІинеб». Цоги гьес абулеб буго: «Гьале дунги дие Аллагьас кьурал лъималги».</verse>
				<verse number="14">Лъималилан гьес гІадамазда абулеб бугелъул, гьелго гІадинав гьанги биги чорхолъ бугев инсанлъун лъугьана ГІисаги. Гьедин гьабуна гІадамал хвезаризе кІолеб илбис жиндир хвалидалъун хвезабизе бокьун.</verse>
				<verse number="15">Гьедин ГІисаца тархъан гьаруна гІумруялъго хваликьа хІинкъун рукІарал гІадамал.</verse>
				<verse number="16">Малаикзабазе хІалае гуро гьев вахъунев. Гьев хІалае вахъуна Ибрагьим аварагасул зурияталъе.</verse>
				<verse number="17">Гьедин ГІиса сундулъго жиндирго вацазда релълъине кколаан. Гьезда гурхІулев ва ритІухъав бищунго кІудияв кашишлъун лъугьана ва, гІадамазул мунагьал чурун, Аллагьасул амру тІубазабуна гьес.</verse>
				<verse number="18">Илбисалъ гьабураб хІалбихьиялъул гІакъуба жинцагоги хІехьедал, гьанже ГІисада кІола гьелъ хІалбихьулеб бугезе кумек гьабизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Дун гІадин Аллагьас тІаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кІудияв кашишлъунги Аллагьас витІарав ГІисахъ ралагье!</verse>
				<verse number="2">Аллагьасул минаялъе, Мусаго гІадин, жив тІаса вищарав Аллагьасе ритІухъав вукІана гьев.</verse>
				<verse number="3">Жибго минаялдаса цІикІкІун машгьурлъула гьеб мина гьабурав чиясул цІар. Гьедин Мусадаса гІемерго цІикІкІун машгьурлъана ГІиса.</verse>
				<verse number="4">Щибаб минаялъул вукІуна гьеб гьабурав чи. Аллагь вуго кинабгоги гьабуравлъун.</verse>
				<verse number="5">Муса вукІана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугІлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагІи рещтІине букІиналъе.</verse>
				<verse number="6">МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, — нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.</verse>
				<verse number="7">Илагьияб РухІалъ абулеб буго: «Жакъа нужее Аллагьасул калам цІалулеб бугони,</verse>
				<verse number="8">нужерго ракІал рицалъизе риччаге. Доба гІицІаб авлахъалда, дандечІун, Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб букІараб къоялъ нужер умумузулги ракІал рицалъун рукІана.</verse>
				<verse number="9">Доба гьез Дир хІалбихьана, Дун щивали хал гьабуна, кІикъого соналъ Дица щиб гьабурабали бихьун букІаниги.</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидал, гьеб наслуялда ццин бахъун, Дица абуна: Гьезул ракІал васвасдулел руго, Дир нухдасан унел гьечІо гьел.</verse>
				<verse number="11">Ццин бахъун Дун гьедана гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан!»</verse>
				<verse number="12">Воре, вацал, лъицаниги рекІелъе лъугьине биччаге квешлъиги иман гьечІолъиги, — чІагояв Аллагьасдаса ратІалъичІого хутІизе.</verse>
				<verse number="13">Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутІизе ва нужер ракІал рицалъичІо рукІине, жакъайилан абизе бегьулебгІан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихІат гьабе.</verse>
				<verse number="14">МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни.</verse>
				<verse number="15">ТІухьдузда хъван буго: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге, — Аллагьасде дандечІун нужер умумузул ракІал рицалъун рукІарал гІадин».</verse>
				<verse number="16">Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ!</verse>
				<verse number="17">КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ!</verse>
				<verse number="18">«Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ!</verse>
				<verse number="19">Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">РахІат-хІалхьиялде нилъ рачинилан Аллагьас кьураб рагІи хвезе гьечІелъул, рачІа хІаракат бахъилин гьеб нилъее къотІи гьабураб рахІат-хІалхьиялде ворчІуларев чи нилъеда гьоркьов цониги хутІунгутІизе.</verse>
				<verse number="2">Дол цогидал гІадамаздаго гІадин, нилъедаги рагІана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагІунилан дозие пайда бахинчІо, гьеб рагІараб мехалъ дол гьелда божичІелъул.</verse>
				<verse number="3">Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги.</verse>
				<verse number="4">Цогидаб бакІалдаги хъван буго анкьабилеб къоялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда: «Анкьабилеб къоялъ жиндирго хІалтІи лъугІидал, Гьес хІалхьи гьабуна».</verse>
				<verse number="5">Амма гьелъулго хІакъалъулъ гьес абулеб буго: «Гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинаро!»</verse>
				<verse number="6">Гьанже цо-цоял гьеб рахІат-хІалхьиялъе кьураб бакІалде лъугьунел рукІин хІакъаб буго, амма бищун цебе Рохалил хабар рагІарал дол цогидал гІадамал гьенире лъугьинчІо, Аллагьасде гьел мутІигІлъичІелъул.</verse>
				<verse number="7">Гьеб бихьулеб буго Аллагьас цІидасан цоги къо чІезабулеб букІиналдасан. «Жакъасеб къойилан» лъун буго гьес гьелда цІар. ГІемерал соназдасан Давудил кІалдир лъун, абун руго Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ нилъеца тІадехун рехсарал рагІаби: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге».</verse>
				<verse number="8">Нунил вас ЕшуагІица гьел рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде рачун рукІаралани, Аллагьас гьелдаса хадуб цогиги къоялъул хІакъалъулъ бицен гьабилароан.</verse>
				<verse number="9">Гьединлъидал Аллагьасул халкъалъе къачІан буго шамат къоялъул рахІат-хІалхьи.</verse>
				<verse number="10">Аллагьас рахІат-хІалхьиялъе кьелилан къотІи гьабураб бакІалде лъугьуневщинав чияс, хІалтІи лъугІун хадуб хІалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хІалтІудаса хадуб хІалхьи гьабураб гІадин.</verse>
				<verse number="11">РачІа нилъецаги хІаракат бахъилин рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде лъугьине, — дол гІадамазулго гІадинаб мутІигІлъунгутІиялъ къосинарунгутІизе.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасул рагІулъ чІаголъиги буго, жигарчилъиги буго. КІибалаб ханжаралдасаги бегІераб буго гьеб. Напсги рухІги цоцаздаса батІалъулеб бакІалде, щукІдулги рукьбиги цолъулеб бакІалде щвезегІан, гъваридго гъорлъе къан уна гьеб. Аллагьасул рагІиялъ суд гьабула инсанасул рекІел къасдазе ва ниятазе.</verse>
				<verse number="13">Нилъеца жинда цебе жаваб кьезе кколев Аллагьасдаса бахчизе кІоларо гьес бижараб цониги жоялда. Кинабго гьесда цебе буго, гьесул берзукь буго.</verse>
				<verse number="14">РачІа нилъеца ГІисал хІакъалъулъ гьабулеб калам щулаго кквезин. Нилъер вугелъул Аллагьасул вас ГІиса — зобалазде восун арав бищунго кІудияв кашиш.</verse>
				<verse number="15">Нилъер загІиплъи бичІчІуларев бищунго кІудияв кашиш гуро гьев. Нилъецаго гІадин илбисалъул хІалбихьи хІехьезе ккана гьес, амма мунагь-хатІа лъугьинчІо гьесдасан.</verse>
				<verse number="16">Таваккалго гІагарлъилин баркат рещтІинабулев Аллагьасул тахалде, — хІажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цІобги лъезе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Щивав бищунго кІудияв кашиш гІадамазда гьоркьоса вищула, Аллагьасда цеве гьезул вакиллъун вукІине, гьезул мунагьал чуриялъе къурбаналги сайигъаталги гьаризе.</verse>
				<verse number="2">Инсан вугелъул, гьесулъ загІиплъи камуларо, гьесда ричІчІула жагьилалги къосун ккаралги.</verse>
				<verse number="3">Гьединлъидал гьесда тІадаб буго халкъалъул мунагьазе гІоло гуребги, жиндирго мунагьазе гІологи къурбан гьабизе.</verse>
				<verse number="4">Живго лъикІав лъугьун бищунго кІудияв кашишлъун вахъунаро щивниги, — Гьарун гІадин, Аллагьас тІаса вищарав чи гурони.</verse>
				<verse number="5">Гьединго живго лъикІав лъугьун гуро МасихІги бищунго кІудияв кашишлъун вахъун машгьурлъарав. «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», — ян гьесда абурав Аллагьасин гьев тарав.</verse>
				<verse number="6">Цогидаб бакІалда гьес абулеб буго: «Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин».</verse>
				<verse number="7">Гьаб ракьалда гІумру гьабун вукІараб мехалда, ГІисаца дугІаби гьаруна ва гьев гІек-гІекун гІодана жив хвалдаса хвасар гьавизе кІолев Аллагьасда цеве чІун. Аллагьасе мутІигІав вукІиндал, гьесул дугІа къабул гьабуна.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасул Вас вукІаниги, гІазаб-гІакъуба хІехьон, мутІигІлъизе ругьунлъана гьев.</verse>
				<verse number="9">Камиллъараб мехалда гьев лъугьана жиндихъ гІенеккаразе насиблъулеб абадияб хвасарлъиялъул иццлъун.</verse>
				<verse number="10">Аллагьас гьев тІамуна бищунго кІудияв кашишлъун, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.</verse>
				<verse number="11">Гьелъул хІакъалъулъ бицине жо гІемер буго нижер, амма бичІчІизабизе захІмалъила, бичІчІизе нуж хІинцал ругелъул.</verse>
				<verse number="12">Гьанжени нужго рукІине кколаан мугІалимзабилъун, амма, цебего гІадин, нужее къваригІунев вуго Аллагьасул рагІиялъул аслу-кьучІ цІидасан бичІчІизабулев чи. КъвакІараб квен кваназе кІолеб гьечІо нужеда, рахьги гьекъон чІолел руго.</verse>
				<verse number="13">Рахь гьекъон чІолев чи лъимералда релълъуна, битІарабги тІекъабги батІа гьабизе лъаларо гьесда.</verse>
				<verse number="14">КъвакІараб квен данде ккола балугълъи-камиллъи щваразе, бихьун-лъан лъикІабги квешабги батІа бахъизе кІолезе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги,</verse>
				<verse number="2">лъадалъ ччун рахъиялъулги, дугІаги гьабун тІад квер лъеялъулги, хваралъуса рахъиналъулги, Аллагьас абадиялъего гьабураб хІукмуялъулги.</verse>
				<verse number="3">Бичас биччани, нилъ церехун ина!</verse>
				<verse number="4">Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана.</verse>
				<verse number="5">ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч.</verse>
				<verse number="6">Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас!</verse>
				<verse number="7">Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола.</verse>
				<verse number="8">Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб.</verse>
				<verse number="9">Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин.</verse>
				<verse number="10">Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда.</verse>
				<verse number="11">Нижее бокьун буго нужер щивав чиясул хІаракатги тавакалги ахиралде щвезегІан чучлъунгутІизе, Аллагьасде лъураб хьулги тІубазе.</verse>
				<verse number="12">Нуж кІвахІаллъуге. Божи-иманги сабруги бугелъул, Аллагьас къотІи гьабураб жо жидее щолел гІадамаздаса мисал босе.</verse>
				<verse number="13">Ибрагьим аварагасе къотІи гьабулеб мехалъ, цІар рехсон гьедизе жиндаса тІадегІанав вукІунарелъул, жиндирго цІаралдалъун гьедана Аллагь.</verse>
				<verse number="14">Гьес абуна: «Дица дуде баркат рещтІинабила! Дица дуе наслаби кьела».</verse>
				<verse number="15">Цинги, сабру гьабун чІедал, Ибрагьимие щвана жиндие къотІи гьабураб жо.</verse>
				<verse number="16">ГІадамал гьедула жидедаса гІемерго тІадегІанаб жо рехсон. Гьедин, гьа гьедун лъугІизабула кинабгоги дагІба-къец.</verse>
				<verse number="17">Жиндир ният-къасдалдаса киданиги къуркьунгутІи-кьурунгутІи жидее къотІи гьабурал гІадамазда бихьизабизе бокьараб мехалъ, жинцаго кьураб рагІи щулалъизе гьаги гьедана Аллагьас.</verse>
				<verse number="18">Аллагьасул гьереси букІунарелъул, киданиги хисулареб кІиго жо буго — кьураб рагІиги гьаги. Гьединлъидал кІанцІизе бакІ Аллагьасда аскІоб батарал нилъер ракІчІей цІикІкІана хьул лъураб щвезе букІиналда.</verse>
				<verse number="19">Гьеб хьул нилъер рекІее буго щулияб ва кьури гьечІеб хІубилъун. Нилъер хьул лъолев ГІиса Мукъадасаб БакІалъул пардав бахун жанивехун лъугьуна.</verse>
				<verse number="20">Нилъее гІоло ГІиса нилъедаса цеве гьениве жаниве лъугьана ва абадул-абадиялъего кашишлъунги лъугьана, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Гьев Мелкицедек вукІана Салам улкаялъул парччахІлъунги ТІадегІанав Аллагьасул кашишлъунги. Ункъо парччахІасда тІад бергьенлъиги босун, рагъдаса тІадвуссун вачІунев вукІарав Ибрагьим аварагасда дандчІвай гьабуна Мелкицедекица ва дуда баркат лъегиян абуна.</verse>
				<verse number="2">Цинги Ибрагьимица гьесие кьуна жиндир кинабго давлаялъул анцІил бутІа. Цо бугони, Мелкицедек абураб цІаралъухъ балагьунги гьев ккола «ритІухъав парччахІ». КІиабизе бугони, гьев вукІана Салам улкаялъул парччахІ, ай «ракълил улкаялъул парччахІ».</verse>
				<verse number="3">Гьесул я эмен вукІинчІо, я эбел йикІинчІо, я умумузул силсила гьечІо. Гьесул гІумруялъул я авал гьечІо, я ахир гьечІо, — Аллагьасул васго гІадин, гьевги ккола абадул-абадиялъего кашиш.</verse>
				<verse number="4">Бихьулищ кигІан тІадегІанав чи гьев вукІаравали! Нилъер зурияталъулго эменлъун кколев машгьурав Ибрагьимица гьесие кьуна рагъда жиндиего щвараб давлаялъул анцІил бутІа.</verse>
				<verse number="5">Кашишзабилъун лъугьунел Левийил наслуялъул гІадамазе Къануналъул амру буго халкъалъухъа, ай диналъул вацазухъа, анцІил бутІа босеян, гьел вацал Ибрагьимил зурияталъул ругониги.</verse>
				<verse number="6">Дов Мелкицедек Левийил наслуялъул вукІинчІониги, гьес Ибрагьимихъа (Аллагьас рагІи кьурав чиясухъа!) анцІил бутІа босана ва дуда баркат лъегиян абуна.</verse>
				<verse number="7">ТІадегІанасдасан гІодовегІанасе баркат щолеблъиялда щаклъизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="8">АнцІил бутІа бакІарулел кашишзаби ккола холел-унел гІадамал, амма анцІил бутІа босарав Мелкицедекил хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго гьев чІаго вугилан.</verse>
				<verse number="9">Абизе бегьула Ибрагьимица анцІил бутІа кьолеб мехалда, жиндир наслуялъ анцІил бутІа бакІарулев Левийица жинцагоги кьун батилин гьебилан.</verse>
				<verse number="10">Щайин абуни, дов Мелкицедек Ибрагьимида дандчІвараб мехалда жеги гьавун вукІинчІо Левий. Жиндир наслуялъул эмен Ибрагьимил чорхолъ вукІанин гьевилан абизе бегьула.</verse>
				<verse number="11">Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тІуразарулел кашишзаби рукІана Левийил наслуялъул гІадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букІарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гІадинав кашиш къваригІинароан.</verse>
				<verse number="12">Кашишлъи хисулеб бугони, Къанунги хисизабизе ккола.</verse>
				<verse number="13">Нижеца бицунеб бугев ТІадегІанав ГІиса цогидаб наслуялъул — къурбан хъолеб бакІалде ун кашишлъи гьабичІел гІадамазул наслуялъул вукІана.</verse>
				<verse number="14">Нилъеда лъикІ лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса Ягьудал наслуялдаса вукІаравлъи. Кашишзабазул бицунаго, Мусаца гьеб наслу рехсон гьечІо.</verse>
				<verse number="15">Гьеб иш дагьабги баянлъула Мелкицедекида релълъарав цІияв кашиш вачІун вукІин нилъеда бичІчІулеб бугони.</verse>
				<verse number="16">Къануналда рекъон кашиш цо наслуялъул вукІине ккола, амма Къануналъ малъухъе гуро ГІиса кашишлъун тІамурав. Гьев кашишлъун тІамуна гьесулъ бугеб абадияб гІумруялъул къудраталдалъун.</verse>
				<verse number="17">Гьесул хІакъалъулъ абун буго: «Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин».</verse>
				<verse number="18">Цо рахъ босани, Къануналъул цебе букІараб амру добегІан толеб буго гьеб загІипабги пайда гьечІебги бугелъул.</verse>
				<verse number="19">Къануналъ щибниги камиллъизабичІелъулха! Цогидаб рахъ босани, нилъее рес кколеб буго Аллагьасде гІагарлъизарулеб лъикІаб жоялде хьул лъезе.</verse>
				<verse number="20">Гьа гьедичІого тІубачІо гьеб иш. Цере кашишзабилъун лъугьаразе гьеб хъулухъ щвана гьаги гьедичІого,</verse>
				<verse number="21">амма ГІиса кашишлъун лъугьана, Аллагьас гьесда гьадин абураб мехалда гьедараб гьаялдалъун: «БетІергьан гьедана, мун абадул-абадиялъего кашиш вугилан. Жиндирго рагІи гьес хисизабуларо!»</verse>
				<verse number="22">Гьединлъидал ГІиса вуго гьесде щвезегІан букІараб КъотІиялдаса лъикІаб КъотІи щвеялъе сабаблъун ккарав чи.</verse>
				<verse number="23">Цебе заманалдаги гІемер рукІана кашишзаби, — гьел холел-унел рукІиналъ квалквал гьабулеб букІана Аллагьасе хъулухъалда хутІизе.</verse>
				<verse number="24">Амма ГІисаца гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо жиндирго кашишлъи, гьев абадиялъе чІаго вугелъул.</verse>
				<verse number="25">Гьедин бугелъул, гьесда кІола жинда нахърилълъун Аллагьасде гІагарлъарал кидагоялъе хвасар гьаризе, — Аллагьасда цебе гьезие шапагІат гьабизе кидаго чІагояв вуго гьев.</verse>
				<verse number="26">Гьеле гьединав бищунго кІудияв кашишин нилъее хІажалъун вукІарав: вацІцІадав, мунагь-хатІа гьечІев, чІегІераб тІанкІ лъечІев, мунагьазул цІураздаса ватІа гьавурав ва зобалаздасаги тІадехун восун арав.</verse>
				<verse number="27">Цогидал бищунго кІудиял кашишзабазда релълъарав гьечІо гьев. Цин жиндирго мунагьал чуризе, хадуб халкъалъул мунагьал чуризеги щибаб къоялъ къурбан гьабизе кколаро гьес. Живго къурбанлъун лъугьун, гьес гьеб тІубазабуна цохІо нухалъ ва кидагоялъе.</verse>
				<verse number="28">Мусал Къануналъ бищунго кІудиял кашишзабилъун тІамула камиллъи щвечІел гІадамал, амма Къануналдаса хадуб гьаги гьедун, рагІиги кьун, Аллагьас кашишлъун тІамуна абадул абадиялъего камилав кашишлъун лъугьарав жиндирго Вас.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер.</verse>
				<verse number="2">Бищунго кІудияв кашишас гІадин, ГІисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, БетІергьанас чІвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакІалда.</verse>
				<verse number="3">Бищунго кІудияв кашиш тІамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кІудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букІана.</verse>
				<verse number="4">Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби.</verse>
				<verse number="5">Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго».</verse>
				<verse number="6">Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, — цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб.</verse>
				<verse number="7">Доб тІоцебесеб къотІи камилаб букІарабани, кІиабизеги къотІи гьабизе ккелароан.</verse>
				<verse number="8">ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «ТІаде щолеб буго, — ян абулеб буго БетІергьанас, — Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман.</verse>
				<verse number="9">Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи. Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», — ян абулеб буго Аллагьас.</verse>
				<verse number="10">«Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, — ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун.</verse>
				<verse number="11">Гьезул лъицаниги мадугьаласе гІакълу кьеларо Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо: „Дурго БетІергьан щивали лъазаве“, — ян. ГІисиназдаги чІахІияздаги — киназдаго дун лъазе вугелъул!</verse>
				<verse number="12">Гьезул мунагьаздаса дун тІасалъугьина, гьезул гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо».</verse>
				<verse number="13">ЦІияб КъотІиялъул бицунаго, Аллагьас доб тІоцебесеб КъотІи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тІагІуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">ТІоцебесеб КъотІиялда рихьизарун рукІана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гІадамаз бараб бакІги.</verse>
				<verse number="2">КъватІисебилан цІар лъураб чадирги чІван букІана. Чадиралъур рукІана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб БакІилан.</verse>
				<verse number="3">КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир.</verse>
				<verse number="4">Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги.</verse>
				<verse number="5">Гъансида тІад лъун рукІана Аллагьасул Нур гьениб букІиналъул гІаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. ГІадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тІаде чвахулеб бакІалда тІад рукІана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хІакъалъулъ гьаниб мухІканго бицинчІониги гІела.</verse>
				<verse number="6">Гьедин гьабун букІана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватІисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тІадал ишал тІуразаризе.</verse>
				<verse number="7">Амма цохІо бищунго кІудияв кашиш лъагІалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би.</verse>
				<verse number="8">Гьеб киналдалъунго Илагьияб РухІалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватІисеб Чадир бугебгІан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб БакІалде нилъее нуцІа къан букІин.</verse>
				<verse number="9">Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб.</verse>
				<verse number="10">Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацІцІад гьабиялда хурхараб гІадат. Гьеб буго инсанасул рекІеда хъатІулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цІияб тІаде кьезегІан заманаялъе.</verse>
				<verse number="11">МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб.</verse>
				<verse number="12">Чадиралъусан ун, нилъ киназего гІоло цохІо нухалъ Бищунго Мукъадасаб БакІалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичІо дугІбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гІадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна.</verse>
				<verse number="13">Хъублъарал гІадамал дугІбузулги бусбузулги бидул тІирабаз ва бухІараб бачил рохъо тІаде щваялъ рацІцІалъулел ратани,</verse>
				<verse number="14">кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна.</verse>
				<verse number="15">МасихІ вуго цІияб КъотІиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахІарал гІадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагІи кьун букІараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тІоцебесеб КъотІиялъул заманалдаго гьез гьарун рукІарал мунагьаздаса.</verse>
				<verse number="16">Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукІин чІезабизе ккола.</verse>
				<verse number="17">Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чІаго вугевгІан заманаялъ, гІицІго гьев хун хадуб гурони васият тІубазабуларо.</verse>
				<verse number="18">Гьединлъидалин доб тІоцебесеб КъотІигицин биялдалъун тасдикъ гьабун букІараб.</verse>
				<verse number="19">Цин Мусаца халкъалъе цІалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукІарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугІбузулги би лъимгун жубазабуна ва багІараб квасулкуналъ бухьараб, махІгьуинаб хъархъил гІаркьелалъ Къануналъул тІехьалдеги тІолалго гІадамаздеги тІираби щвезаруна гьеб бидул.</verse>
				<verse number="20">Мусаца абуна: «Гьале нужеца тІубазабейилан Аллагьас амру гьабураб КъотІи щулалъизабулеб би».</verse>
				<verse number="21">Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги.</verse>
				<verse number="22">Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо!</verse>
				<verse number="23">Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан.</verse>
				<verse number="24">ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе.</verse>
				<verse number="25">Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кІудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакІалда жаниве. Амма МасихІица живго цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна.</verse>
				<verse number="26">Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.</verse>
				<verse number="27">Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула.</verse>
				<verse number="28">Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Къанун — хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе?</verse>
				<verse number="2">Аллагьасе къурбанал гьарулел гІадамал хІакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацІцІалъулелани, тІокІалъ гьезул рекІелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгІаги къурбаналги гьаричІого телаан.</verse>
				<verse number="3">Амма щибаб лъагІалидаса лъагІалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гІадамазда жидерго мунагьалги ракІалде щола.</verse>
				<verse number="4">Щайин абуни, бусбузулги дугІбузулги биялда кІоларо мунагьал чуризе.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги. Дуца къачІана дие черхги.</verse>
				<verse number="6">Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги.</verse>
				<verse number="7">Хадуб дица абуна: „Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго, дир хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тІубазабизе“».</verse>
				<verse number="8">Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, гьединго мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хІакъалъулъ Къануналда хъван бугониги.</verse>
				<verse number="9">Цинги абуна гьес: «Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго дур амру тІубазабизе». Гьедин цебехун абураб МасихІица добегІан толеб буго, кІиабизе абурабги гьелъул бакІалда лъолеб буго.</verse>
				<verse number="10">ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун.</verse>
				<verse number="11">Щивав кашишас щибаб къоялъ Аллагьасе хъулухъ гьабула ва цоцазда релълъарал, амма жидедалъун мунагьал чуруларел къурбаналги гІемер гьарула.</verse>
				<verse number="12">МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана.</verse>
				<verse number="13">Гьев гьенив вукІуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан».</verse>
				<verse number="14">Гьедин цохІо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацІцІалъизарурал гІадамал.</verse>
				<verse number="15">Илагьияб РухІалъги нугІлъи гьабула гьелъие. Цин, гьелъ абулеб буго:</verse>
				<verse number="16">«Гьале бачІунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб КъотІи, — ян абулеб буго БетІергьанас. — Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел».</verse>
				<verse number="17">Цинги абулеб буго: «Гьезул мунагьги гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо».</verse>
				<verse number="18">Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал, вацал, ГІисал би гІодобе тІей сабаблъун, махІги хІинкъичІого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакІалда жанире.</verse>
				<verse number="20">Гьелъул пардавалда гьоркьосан гьес нилъеда бихьизабуна абадияб гІумруялде рачунеб цІияб нух. Гьеб пардав ккола гьесул черх.</verse>
				<verse number="21">Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тІамурав чилъун гьединав бищунго кІудияв кашиш вугелъулин,</verse>
				<verse number="22">ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел.</verse>
				<verse number="23">Щулаго кквелин нилъеца гьеб нилъ божун ругеб хьул, — нилъее рагІи кьурав Аллагьасда божизе бегьулелъулха.</verse>
				<verse number="24">ХІаракат бахъилин цоцаздехун рекІелъ рокьи цІунизе ва цоцазе лъикІлъи гьабизе.</verse>
				<verse number="25">Цо-цояз рехун толеб гІадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскІоре данделъулеб гІадат. ТІадегІанав вачІунеб Къо гІагарлъулеб букІин бихьанагІан, цІикІкІун ракІбатизабилин цоцазул.</verse>
				<verse number="26">ХІакъабщинаб лъан хадубги бокьун-разилъун нилъеца мунагьал гьаруни, гьел нилъеда тІаса ккезарулел къурбанал рукІунареблъи лъай.</verse>
				<verse number="27">Амма Аллагьасда дандечІаразе гІасияб тамихІ букІине буго, гьел кІкІунеб цІадул бухІиги цІикІкІараб буго.</verse>
				<verse number="28">Мусал Къанун цІуничІого такъсир гьабурав чи расги гурхІичІого чІвала, кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи бугони.</verse>
				<verse number="29">Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали!</verse>
				<verse number="30">Нилъеда лъала Аллагьас гьадин абураблъи: «Дицайин къисас босулеб, дир ишин гьеб рецІел боси», цогиги: «БетІергьанас жиндирго халкъалъе суд гьабила».</verse>
				<verse number="31">ЦІакъ хІинкъизе ккараб иш буго хІакъав Аллагьасда цеве чІей!</verse>
				<verse number="32">Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца.</verse>
				<verse number="33">Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб.</verse>
				<verse number="34">Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи.</verse>
				<verse number="35">Гьединаб ракІчІеялдаса махІрумлъизе рукІунге, гьелдалъун нужее кІудияб кири щола.</verse>
				<verse number="36">Нужее сабру къваригІуна Аллагьасул амру тІубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагІи тІубазегІанги.</verse>
				<verse number="37">ТІухьдузда хъван буго: «Цодагьабго заман индал вачІина дов вачІине кколев чи. Гьев кватІизе гьечІо.</verse>
				<verse number="38">Дие ритІухъавщинав чи, дида божун чІани, чІаго хутІила. Гьев нахъе къачІони, дун гьесдаса разилъила».</verse>
				<verse number="39">Нахъе къалел ва нухдаса тарулел чагІи гуро нилъ. Нилъер рекІелъ божи-иман буго, нилъ хвасарлъизеги руго.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">Божи-иман ккола нилъеца хьул гьабулелда ракІчІей ва нилъеда бихьулареб жо хІакъаб букІин чІезабиги.</verse>
				<verse number="2">Цебе заманалдаги божи-иман бугел гІадамаздасайин Аллагь разилъулев вукІарав.</verse>
				<verse number="3">Божи-иманалдалъунин нилъеда бичІчІулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагІудалъун бижараб букІин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букІин.</verse>
				<verse number="4">Божи-иманалъин Гьабилида малъараб Аллагьасе кьезе Къабилилалдаса лъикІаб къурбан. Гьесулъ божи-иман букІиналъин ритІухъав чи вугилан Аллагь гьесдаса разилъарав, Аллагьас жинцаго къабул гьабуна гьесул къурбанги. Гьев хвана, амма божи-иманалдалъун гьес гьабураб иш гьанжеги нилъедехун кІалъалеб буго.</verse>
				<verse number="5">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, хвел бихьизе биччачІого, Аллагьас Гьенох зобалазде восарав. Гьев тІагІанин, Аллагьас гьев жиндихъего вачанин, Аллагьас жиндихъего вачиналде, Аллагьасе бокьухъе тІамунин гьес гІумруйилан хъван буго.</verse>
				<verse number="6">Божи-иман гьечІони, лъиданиги кІоларо Аллагьасе бокьараб гьабизе. Аллагьасухъе вачІунев чи божизе ккола Аллагь вукІиналда ва жив валагьизе лъугьарасе гьесдасан шапакъат щолеблъиялда.</verse>
				<verse number="7">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб.</verse>
				<verse number="8">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьим Аллагьасе мутІигІлъарав, гьесие ирсалъе щвезе кколеб ракьалде айилан ахІараб мехалда. Киве унев вугевали лъачІониги, ана гьев.</verse>
				<verse number="9">Божи-иман рекІелъ букІунин гьес апараглъун яшав гьабураб, Аллагьас жиндие кьезе къотІи гьабураб ракьалда. Гьесдаго цадахъ Аллагьас жидее къотІи гьабурал ИсхІакъицаги Якъубицаги гІадин, чадразухъ чІун гьабуна гьес гІумру.</verse>
				<verse number="10">Гьев балагьун чІун вукІана Аллагьас щулияб кьучІалда тІад къадал гьарун жиндие абадияб шагьар кьезегІан.</verse>
				<verse number="11">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьимие, цІакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикІана лъимер гьабулеб гІужалдаса арай гІадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагІи тІубазе букІиналда.</verse>
				<verse number="12">Гьедин хабалъе бох бортарав цохІо чиясдасан лъугьана цІакъ гІемерал наслаби, — зодихъ цІваби рикІкІун бажарулареб гІадин, ралъдал рагІалда сали рикІкІун бажарулареб гІадин, рикІкІун бажаруларел наслаби.</verse>
				<verse number="13">Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун.</verse>
				<verse number="14">Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магІна ккола гьел гІадамаз жидеего ватІан балагьулеб букІин.</verse>
				<verse number="15">Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукІаралани, доре тІадруссине рес ккелаан гьезие.</verse>
				<verse number="16">Амма гьел урхъун рукІана зобалазда бугеб цІакъго лъикІаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго.</verse>
				<verse number="17">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Аллагьас жиндир хІалбихьараб мехалда, жиндирго вас ИсхІакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукІарав. Ибрагьим вукІана Аллагьас жиндие къотІи гьабурав чи. Амма цохІо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачІан вукІана гьев.</verse>
				<verse number="18">Аллагьас гьесда абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб».</verse>
				<verse number="19">Ибрагьим божун вукІана Аллагьасда хваралги чІаголъизаризе кІолеблъиялда. Абизе бегьула, хІакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун.</verse>
				<verse number="20">Божи-иман рекІелъ букІиндалин ИсхІакъица гьарараб хадубккун заманалда Якъубидаги ГІисидаги баркат лъегийилан.</verse>
				<verse number="21">Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде Якъубица гьарараб Юсупил кІиявго васасда баркат лъегиян. ГІонсоде ккун херлъун вугеб мехалда Аллагьасе рецц гьабуна гьес.</verse>
				<verse number="22">Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде цебе Юсупица бицараб Исраилил халкъ цо заманалдасан Мисриялдаса къватІибе лъугьине бугилан. Цинги гьес бицун тана жиндир жаназаялда щиб гьабилебалиги.</verse>
				<verse number="23">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, гьавуралдаса лъабго моцІ инегІан, эбел-инсуца Муса вахчарав. ЦІакъго гьайбатав вас гьев вукІин бихьидал, гьел хІинкъичІо пиргІавнасул амру тІубазабичІого тезе.</verse>
				<verse number="24">Божи-иман рекІелъ букІиндалин кІудияв гІураб мехалъ Мусае бокьичІеб пиргІавнасул ясалъул вас вугин живилан абизе.</verse>
				<verse number="25">Гьесул рекІее къабуллъана, панадуниялалъул мунагь-хІакъ гІемераб рохелалдаса инкарги гьабун, Аллагьас тІаса бищараб халкъалда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе.</verse>
				<verse number="26">Гьес рикІкІана Мисриялъул тІолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витІизе вугев МасихІие гІоло гІазаб-гІакъуба хІехьей. Щайин абуни, гьесул рекІелъ букІана шапакъат щвеялде хьул.</verse>
				<verse number="27">Божи-иман рекІелъ букІиндалин, пиргІавнасул ццидадаса хІинкъичІого, Мусаца Мисри рехун тараб. Дов Вихьуларев жинда вихьулев вугев гІадин, къуркьизе-кьуризе бокьичІо гьесие.</verse>
				<verse number="28">Божи-иман рекІелъ букІиндалин гьес Пасхаялъул байрам чІезабураб ва щибаб рукъалъул рагьумахІуялда бидул гІужги гьабураб, — Исраилил халкъалъул хъизаназе тІоцере гьарурал васазул рухІ хвалил малаикас бахъичІого букІине.</verse>
				<verse number="29">Божи-иман рекІелъ букІиндалин Исраилил халкъалда, бакъвараб нухдасан унел ругел гІадин, БагІараб ралъад бахине кІвараб. Мисриялъулалги лъугьана гьенисан инейилан, амма ралъдалъ гъанкъун хвана.</verse>
				<verse number="30">Божи-иманалъ риххизаруна Иерихоналъул щулиял къадал, исраилилал анкьго къоялъ гьеб шагьаралда сверун хьвадараб заманалда.</verse>
				<verse number="31">Божи-иман рекІелъ букІиндалин Рагьаб абулей хъахІба дол Аллагьасе мукІурлъичІезда цадахъ хвечІого хутІарай. Гьелъ лъикІаб гьоболлъи гьабуна балъго Иерихоналде рачІарал исраилилазе.</verse>
				<verse number="32">Дагьабги бицине ккелищ? Дир заман гІеларо Гидеонил, Баракил, Шамшунил, Ифтахил, Давудил, Шамуилил, киналго аварагзабазул хІакъалъулъ бицине.</verse>
				<verse number="33">Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез, ритІухъаб суд гьабуна, Аллагьас къотІи гьабурабги щвана, гъалбацІазул кІалдиса давла бахъана,</verse>
				<verse number="34">гьалагал цІаял свинаруна, хвалчадул балалдаса хвасарлъана, загІипал рукІаниги, къуваталлъун лъугьана; чияр улкабазул боял къезарун, рагъда бахІарчилъи бихьизабуна.</verse>
				<verse number="35">Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал. ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел.</verse>
				<verse number="36">Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана.</verse>
				<verse number="37">ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал.</verse>
				<verse number="38">ТІолабго дуниял-гІаламалдаса хириял гІадамал гІицІал авлахъаздаги мугІруздаги тирулел хутІана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун.</verse>
				<verse number="39">Божи-иман гьезул рекІелъ букІиндал Аллагь разилъана гьел киназдасаго. Амма жеги гьезие щвечІо Аллагьас къотІи гьабун букІараб жо.</verse>
				<verse number="40">Щайин абуни, нилъее даража цІикІкІиналъе, Аллагьас хІукму гьабун буго, — гьесие бокьун буго гІицІго нилъеда цадахъ гьел гІадамал камиллъизе.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Гьанже гьанир нугІзал накІкІалгІан гІемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачІги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатІаги батІалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугІизегІан.</verse>
				<verse number="2">Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана.</verse>
				<verse number="3">Мунагьал ругезул рахъалдасан гьединаб рокьукълъи хІехьарав гьесул гьабе нужеца пикру. Гьедин нужги загІиплъизе бегьуларо, къуркьизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="4">Мунагьазда данде рагъулаго нуж жеги щвечІо нужерго би гІодобе тІолеб даражаялде.</verse>
				<verse number="5">Нужер ракІбатизабизе, лъималаздехун гІадин, Аллагьас нужеда абурал гьадинал рагІаби кІочон таралищ: «БетІергьанасул малъа-хъвай гІадахъ босичІого тоге, дир вас, гьес дуе гІадлу гьабулеб мехалъ пашманлъуге мун.</verse>
				<verse number="6">Жиндиего вокьулесейин Аллагьас гІадлу гьабулеб, вас гІадин къабул гьавурасдайин гьес кьабулеб».</verse>
				<verse number="7">Нужее гьабулеб гІазаб-гІакъуба нужеца, гІадлулъун рикІкІун, хІехье. Лъималаздехун гІадин валагьулев вуго Аллагь нужехъ. Инсуца гІадлу гьабичІев вас цониги вукІанадай?</verse>
				<verse number="8">Киналго васазе букІунеб гІадинаб гІадлу нужее гьабулеб гьечІони, гьелъул магІна буго васал кколарин, къватІулъа жал кколин абураб.</verse>
				<verse number="9">Умумуз нилъее гІадлу гьабуна, нилъеца гьезул адаб-хъатирги гьабуна. Абадияб гІумру насиблъизе гІоло, кигІан цІикІкІунха нилъ Аллагьасе, рухІазул бетІергьанасе, мутІигІал рукІине кколел!</verse>
				<verse number="10">Умумуз жидедаго лъикІ бихьухъе дагьабго заманалда гІадлу гьабуна нилъее. Амма Аллагьас гІадлу гьабула нилъее лъикІлъиялъе, жиндир вацІцІалъиялъул бутІа нилъееги щвезе гІоло.</verse>
				<verse number="11">ГІадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гІадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритІухъаб гІумруги.</verse>
				<verse number="12">Нужер свакарал кверазулъе къуват бачІинабе ва сородулел бохдулги щулаго чІезаре!</verse>
				<verse number="13">БитІараб нухдасан хьваде нуж, нужер рекъал бохдул къуркьунгутІизе. Сахлъаги гьел!</verse>
				<verse number="14">Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин.</verse>
				<verse number="15">Вореха Аллагьасул баркаталъул нухдаса къосине гурин нуж. Нужер цонигияв лъугьине гурин гІемерав чиясе зарал гьабулеб загьруяб ва кьогІаб херлъун.</verse>
				<verse number="16">Нужер цонигияв лъугьине гурин ГІис гІадинав хъахІбаяб гІамал бугевлъун яги божи-иман гьечІевлъун. КІудияв васлъун вижиялъул даража гьес бичана цохІо нухалъ кванараб кванихъ.</verse>
				<verse number="17">Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букІараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечІо. Бадиса магІу чвахулаго гІамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатІ битІизабун бажаричІо гьесухъа.</verse>
				<verse number="18">Инсанасул беразда бихьулелде гуро нуж гІагарлъун ругел. Синай магІарда букІараб цІаялдеги, бецІлъиялдеги, накІкІалдеги, гьалагаб гьуриялдеги гуро гІагарлъун ругел.</verse>
				<verse number="19">Доб мехалда рагІулеб букІана ссуралъубе пулеб гІадинаб сас. Цинги цо гьаракь бахъана — абулел рукІана тІокІаб жидеда рагІугегиян гІадамал гьардезе лъугьарал рагІаби.</verse>
				<verse number="20">«ХІатта хІайвангицин гьаб магІарде бачІани, ганчІал речІчІун чІвазе ккола», — ян абурал рагІаби рекІелъе риччазе кІолеб букІинчІо гьезда.</verse>
				<verse number="21">Мусацацин абуна: «Дун хІинкъун сородулев вуго!» — ян. ГьедигІанги гІасияб лъугьа-бахъин букІана гьеб.</verse>
				<verse number="22">Амма нуж гІагарлъун руго Цион мегІералде, хІакъав Аллагьасул шагьаралде, рикІкІун хІалкІоларел малаикзабазул руккелал байрамалде данделъулеб зобалазулаб Иерусалималде,</verse>
				<verse number="23">Аллагьасе тІоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цІарал зобалазда хъварал гІадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухІазде.</verse>
				<verse number="24">ГІагарлъун руго цІияб КъотІиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав ГІисаде, ракьалде тІураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цІикІкІараб баркат рещтІинабилин рагІи кьолеб буго гьелъ.</verse>
				<verse number="25">Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагІиялдалъун кІалъалев чиясдаса. Дуниялалда гІадамал кантІизарулесухъ гІенеккизе инкар гьабурал чагІазда хвасарлъизе кІвечІо. Зобалаздасан кІалъалесухъ гІенеккичІони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо.</verse>
				<verse number="26">Доб мехалда гьесул гьаркьица ракь гьаргьадизабуна, гьанже гьес рагІи кьуна: «Цоги нухалъ дица, ракь гуребги, зобги гьаргьадизабила», — ян.</verse>
				<verse number="27">Гьаргьадулареб жо нахъе хутІизелъун, гьаргьадулебаб, ай бижун букІарабаб, тІубанго тІагІинин абураб магІна буго гьеб «цоги нухалъ» абураб калимаялъул.</verse>
				<verse number="28">Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб ПарччахІлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хІинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе.</verse>
				<verse number="29">Кинабго бухІун-къвагъун рехулеб цІадуда релълъуна Аллагь!</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Вацал гІадин цоцазе рокьулеб гІадат гІодобе рехуге нужеца.</verse>
				<verse number="2">Нухлулазе гьоболлъи гьабичІого тоге — жидедагоцин лъачІого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун.</verse>
				<verse number="3">Туснахъалда ругелги кІочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукІарал гІадин. Унта-щокълъиялъ гІазаб кьолеб бугелги кІочон тоге, нужго гьелъ кІвекІулел ругел гІадин.</verse>
				<verse number="4">Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахІбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд.</verse>
				<verse number="5">ГІарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чІа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гІодов ккезеги виччаларо».</verse>
				<verse number="6">Гьединлъидал нилъеца расги хІинкъичІого абизе бегьула: «БетІергьанас дие квербакъула, Дун сундасаниги хІинкъуларо».</verse>
				<verse number="7">Нужеда Аллагьасул рагІи малъарал ва бетІерлъи гьабулел гІадамал ракІалде щвезаре. Гьезул гІумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе.</verse>
				<verse number="8">Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечІев вуго ГІиса МасихІ!</verse>
				<verse number="9">БатІи-батІиял чияр гІелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракІал къвакІизаруни, лъикІ букІина. Кванил рахъалъ батІи-батІиял рихьизариял тІуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчІел гІелмабаз ракІал къвакІизаруларо.</verse>
				<verse number="10">Нилъеца къурбаналъе къачІараб бакІалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутІазул къурбан хъолеб бакІалъул кашишзабазе.</verse>
				<verse number="11">Бищунго кІудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакІалде — мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хІайваназул къулагІаби росдадаса яги шагьаралдаса къватІирехун рухІула.</verse>
				<verse number="12">Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе.</verse>
				<verse number="13">Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе!</verse>
				<verse number="14">Гьаб ракьалда гьечІо нилъ кидаго чІолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтІине бугеб шагьаралде рорчІилилан.</verse>
				<verse number="15">ГІисал цІар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, — гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ ГІисал цІар рехсараб кІалдисан.</verse>
				<verse number="16">Цоцазе лъикІлъи гьабичІого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, — гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб.</verse>
				<verse number="17">Нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезухъ гІинтІаме ва гьезие мутІигІлъе, кидаго рорчІуда чІун нужер рухІал цІунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечІо), рохуца холаго гьабизе.</verse>
				<verse number="18">Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел.</verse>
				<verse number="19">Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан.</verse>
				<verse number="20">Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее</verse>
				<verse number="21">щвезабеги гьесул амру тІубазе къваригІунебщинаб лъикІлъи. ГІиса МасихІица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тІубазабизе. МасихІие абадияб-даимаб рецц! Амин.</verse>
				<verse number="22">Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гІемерго халалъичІеб кагътида хъвараб насихІаталъухъ сабурго гІенеккеян.</verse>
				<verse number="23">Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватІиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачІунеб мехалъ.</verse>
				<verse number="24">Салам бице нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезда ва тІолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам.</verse>
				<verse number="25">Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="59">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги лагъ Якъубил салам буго батІи-батІияб ракьалда рикь-рикьун ругел ва Аллагьасул халкълъун лъугьарал киналго гІадамазде.</verse>
				<verse number="2">ЗахІмалъи хІехьезе кІолищали батІи-батІияб къагІидаялъ нужер хІалбихьулеб бугони, гьеб нужеца кІудияб рохеллъун рикІкІе, диналъул вацал.</verse>
				<verse number="3">Божи-иман щулияб бугищали хІалбихьиялъ сабру бижизабулеблъи лъала нужеда.</verse>
				<verse number="4">Биччанте сабруялъ нужее кумек гьабизе нужго камиллъизеги, щибго гІунгутІи гьечІеллъун, тІубанго камилаллъун лъугьинеги.</verse>
				<verse number="5">Нужеда гьоркьоса лъилниги гІакъиллъи гІолеб гьечІони, бадибчІвай гьабичІого, киназего гьеб гьарзаго кьолев Аллагьасда гьаре, Аллагьас кьела гьесие гьеб.</verse>
				<verse number="6">Амма гьеб гьарулев чи, щибго щаклъи гьечІого, божизе ккола. Щакдарулев чи релълъуна гьороца рахъ-рахъалде гьелчезабулеб ралъдал карачелалда.</verse>
				<verse number="7">[7-8] Гьединлъидал цо хІал кколарев ва сундулъго тавакал гьечІев чияс хьул гьабуге Аллагьас жиндие щибниги кьелилан.</verse>
				<verse number="8"></verse>
				<verse number="9">Я вацал, гІодовегІан вугев чІухІизе виччанте, Аллагьасда цеве гьев тІадегІанав вугелъул.</verse>
				<verse number="10">Бечедасдаги лъазе биччанте Аллагьасда цеве гІодовегІанав вугевлъи, — харилъ тІегь гІадин вечІазе вуго гьев.</verse>
				<verse number="11">Бакъ къалъуде бахуна, бухІи цІикІкІуна, бухІараб гьури пула, хер бакъвала, гьелъул тІегь гъенон уна ва тІогьол тІолабго гьайбатлъиги хола. Жиндирго ишазде вуссун вукІаго вечІала бечедав чиги.</verse>
				<verse number="12">Гьардарав гуревдай, сундалъун жиндир хІалбихьаниги, сабруялда гьеб хІехьолев чи. Гьеб хІехьон хадуб гьесие щвела жиндиего рокьулезе Аллагьас къачІан бугеб шапакъат — абадияб гІумру.</verse>
				<verse number="13">Сундалъунниги гьесул хІалбихьулеб бугони, инсанас абизе бегьиларо Аллагьас жиндир хІалбихьулеб бугилан. Лъилниги квешлъиялъ Аллагьасул хІалбихьулареб гІадин, гьесги щивниги къосинавизе хІалбихьуларо.</verse>
				<verse number="14">Амма инсан къосуна, жиндирго квешал къасдаз хадув цІан, къориниве ккезавидал.</verse>
				<verse number="15">Цинги гьеб квешаб къасд къинлъун, мунагь гьабула, гьеб мунагь цІубараб мехалъ — хвел бижула.</verse>
				<verse number="16">Нужго нужецаго гуккуге, дир хириял вацал!</verse>
				<verse number="17">Зодихъ бакъ-моцІги цІвабиги рижарав, амма живго хисуларев ва жинда бецІлъи хъатІуларев Аллагьасдасан лъикІаб гурони рещтІунаро, гІадамазе щолебщинаб камилаб сайигъатги гьесдасан рещтІараб буго.</verse>
				<verse number="18">Жиндиего бокьун гьес нилъ хІакъаб рагІудалъун цІидасан рижизаруна. Абизе бегьула жинцаго бижанщиналъул тІоцебесеб рижилъун нилъ лъугьине бокьун гьабунин гьес гьединилан.</verse>
				<verse number="19">Нужеда лъай, дир хириял вацал, щивав чи гІенеккизе хехавлъун, бицине хІинцавлъун, ццин бахъинеги хІинцавлъун вукІине кколевлъи.</verse>
				<verse number="20">Ццидахун вугев чиясда кІоларо Аллагьас ритІухъаблъун рикІкІунеб гІамал цІунизе.</verse>
				<verse number="21">Гьединлъидал кинабгоги хъублъи ва нужелъ хутІараб ццидал асар гІодобе рехе. Нуж хвасар гьаризе хІалкІолъи бугев Аллагьас нужер рекІелъе рещтІинабураб рагІи хІеренго къабул гьабе.</verse>
				<verse number="22">Гьеб рагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола, гурони — нужго нужецаго гуккулел чагІилъун лъугьуна нуж.</verse>
				<verse number="23">РагІухъ гІенеккулев, амма гьеб тІубазабуларев чи релълъуна живго кинав вугевали матІуялъусан вихьарав чиясда.</verse>
				<verse number="24">МатІуялда цевеса нахъе аравго кІочон тола гьесда живго кинав вугевали.</verse>
				<verse number="25">Камилаб къануналъул — инсан эркенлъизавулеб къануналъул — матІуялъуве валагьун, гьеб къанун тавакалго цІунулев ва рагІарабщинабги кІочон течІого тІубазабулев чияс щиб гьабулеб бугониги, Аллагьас гьесда баркат лъела.</verse>
				<verse number="26">Живго муъминчи вугин рикІкІунев, амма мацІалда чангит баларев чияс живго жинцаго гуккулев вуго, ва гьесул иман пайда гьечІеб буго.</verse>
				<verse number="27">Нилъер Эмен Аллагьасда цебе хъублъиялъул тІанкІго гьечІеб, тІубанго бацІцІадаб иман ккола къваридго ругел бесдалазе ва къоролзабазе кумек гьабиги дуниялалда бугеб квешлъиялдаса рикІкІалъиги.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Я дир вацал, нилъер машгьурлъарав ТІадегІанасде — ГІиса МасихІиде иман лъурал нужеца чи ватІа гьавизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="2">Масала, нужер данделъиялде вачІана лъикІго ретІа-къарав, меседил баргъичалги рарав чи ва басриябго ратІлилъ мискинчиги вачІана.</verse>
				<verse number="3">Нужеца адаб-хъатир гьабула чІухІараб ратІлилъ вугесул, гьале гьанив рахІаталда гІодов чІайилан абула гьесда. Мискинасда абула доле дова гІодов чІайилан яги гьанив дир хІатІазда цеве гІодов чІайилан.</verse>
				<verse number="4">Гьедин нужедаго гьоркьоб рикьи ккезабулеб гьечІищ нужеца? ЦІахъа-рахъай гьабулев къадиясда релълъунел гьечІищ нуж?</verse>
				<verse number="5">ГІенеккея, дир хириял вацал! ГІаламалъго мискиналлъун рикІкІунелал гурищ Аллагьас тІаса рищун ругел, иманалъ гьел бечелъизе ва жиндие рокьулезе рагІи кьураб ПарччахІлъи гьезие насиблъизе?</verse>
				<verse number="6">Нужецайин абуни мискинал рикІкІунел гьечІо! Бечедаз гуребищ нужеда тІад зулму гьабулеб бугеб? Гьез гурелищ нуж суд гьабулел рокъоре рехъерхъулел?</verse>
				<verse number="7">Гьез гуребищ какулеб нужеда лъураб лъикІаб цІар?</verse>
				<verse number="8">«Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги», — ТІехьалда ругел амруязул парччахІлъун рикІкІунеб гьеб амру нужеца хІакъикъаталдаги тІубазабулеб бугони, гьеб лъикІаб иш буго.</verse>
				<verse number="9">Амма нужеца гІадамал ратІа гьарулел ругони, гьеб буго мунагь, ва, Къануналда рекъон, нуж ккола такъсирчагІи.</verse>
				<verse number="10">Къануналъул тІолалго рихьизариял цІунулел ругониги, амма цониги амруялдаса чи тарани, кинабго гІайиб гьесде тІаде ккола.</verse>
				<verse number="11">ХъахІбалъи гьабугейилан лъазабурас лъазабун буго чи чІвагейиланги. Масала, дуца хъахІбалъи гьабулеб гьечІо, амма чи чІвана, гьедин мун лъугьана къанун хвезабурав такъсирчилъун.</verse>
				<verse number="12">Инсанасе эркенлъи кьолеб къануналда рекъон Аллагьас жидее суд гьабизе бугел гІадамазда релълъун кІалъай ва хьваде.</verse>
				<verse number="13">ГурхІел гьечІесе Аллагьасул судалъулги гурхІел букІине гьечІо. РитІухъаб хІукмуялдасаги тІадегІанаб буго гурхІел!</verse>
				<verse number="14">Дица иман лъунилан абиялъул пайда щиб бугеб, вацал, лъикІал ишал гьарулел гьечІони? Гьединаб иманалъ хвасар гьавиладай гьев?</verse>
				<verse number="15">Нужер вацасул яги яцалъул тІад ретІине ретІел гьечІони, яги жакъаялде кваназе жо гьечІони,</verse>
				<verse number="16">масала, нужер цояс гьезие гІакълу кьола, рекере, хинлъизе айилан, кваназе айилан, амма гьезие къваригІараб кьоларо, — лъикІлъийищ гьес гьабулеб бугеб?</verse>
				<verse number="17">Гьедин, лъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунаро.</verse>
				<verse number="18">Цо лъицаниги абуни, цоясулъ божи-иман бугин, цогидас лъикІал ишал гьарулин, — дица абила лъикІал ишал гьечІеб божи-иман лъил бугебали дида бихьизабейилан; цинги дица дуда бихьизабила лъикІал ишазулъ бугеб дир божи-иман.</verse>
				<verse number="19">Аллагь цо вукІиналда божулевищ мун? ЦІакъ лъикІ! Амма жундулги божулагури хІинкъун сородилаго!</verse>
				<verse number="20">ЛъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунарилан чІезабилищ дуе, ле, бичІчІи гьечІев чи?</verse>
				<verse number="21">Къурбаналъе хъвезе жиндирго вас ИсхІакъ вегизавун вукІана нилъер эмен Ибрагьимица. Гьеб ишалъулъ гурищ Аллагьасда гьесул ритІухълъи бихьараб?</verse>
				<verse number="22">Бихьулищ — гьесул иманги ишги цолъун букІана, гьес гьарурал лъикІал ишаз квербакъана иман камиллъизе.</verse>
				<verse number="23">Гьедин ритІухълъана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима: «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». Гьедин «Аллагьасул гьудул» абураб цІарги щвана Ибрагьимие.</verse>
				<verse number="24">Нужеда бихьулеб буго цохІо иманалъ гуребги, лъикІал ишазги инсан ритІухълъизавулев вукІин.</verse>
				<verse number="25">Тушманасул рахъалде цІех-рехалъе ритІарал рагъухъаби рокъоре рачана хъахІбалъиялдалъун бетІербахъи гьабулей йикІарай РахІабица ва гьеб шагьаралдаса къватІире рорчІизе нух бихьизабуна. Гьеб лъикІаб иш сабаблъун гьей гІадан Аллагьасда цее ритІухълъана.</verse>
				<verse number="26">РухІ гьечІони, чорхолъ чІаголъи букІунареб гІадин, лъикІал ишал цадахъ гьечІони, иманалъулги пайда букІунаро.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Нужеда гьоркьоса гІемерал чагІи вагІза-насихІат гьабизейилан лъугьин лъикІаб иш гуро, дир вацал, насихІатчагІаздаса Аллагьас дагьабги цІикІкІун тІалаб гьабила.</verse>
				<verse number="2">Нилъ киналгоги гІемерисеб мехалъ нухдаса тарула. РагІудалъун нухдаса таричІев чи — гьев камилав чи ккола, жиндирго черхалда чангит базеги кІолелъул гьесда.</verse>
				<verse number="3">Нилъеца чода кІалдираял рани, гьеб кІудияб хьвани нилъее тІубанго мутІигІлъула ва бокьараб рахъалде бачине кІола.</verse>
				<verse number="4">Мисалалъе босилин гама: кутакаб гьороца хъамун унеб кІудияб гама гьитІинабго рулалъул кумекалдалъун бокьараб рахъалде сверизабизе кІола гьеб бачунев чиясда.</verse>
				<verse number="5">Гьедин, жибго гьитІинаб лага букІаниги, мацІалдаги кІола кІудиял ишал гьарунин жинцайилан чІухІдаризе. Нужеда лъала цІадул гьитІинаб хІенехІалъ кІудияб рохь бухІулеблъи.</verse>
				<verse number="6">МацІ — гьеб ккола цІа. Гьаб дуниял мунагьазул цІун бугеб гІадин, нилъер черхалъул цогидал лугбазда гьоркьоб мунагьазул цІураб лага буго гьеб. Гьелъ нилъер тІолабго напс хъублъизабула ва инсанасул кинабго гІумруялда цІа рекІинабула, жибгоги жужахІалъул цІаялъ бухІула.</verse>
				<verse number="7">Киналго гІалхул жанаваралги, хІанчІиги, борхьалги ва ралъдал хІайваналгицин жиндего мутІигІ гьаризе кІвана ва кІолелги руго инсанасда,</verse>
				<verse number="8">амма мацІ мутІигІ гьабизе лъиданиги кІоларо. Гьеб буго жинда чангит базе кІолареб, хвалде рачунеб загьруялъул цІураб квешлъи.</verse>
				<verse number="9">МацІалца гьабула нилъер Эмен Аллагьасе рецц, амма гьебго мацІалца какула жиндаго релълъун Аллагьас рижарал гІадамал.</verse>
				<verse number="10">Цого кІалдисан рачІуна баркалаялъулги нагІанаялъулги рагІаби. Гьедин букІине бегьуларо, дир вацал.</verse>
				<verse number="11">Цого иццунисан чвахулебищ бацІцІадабги цІамгІалабги лъим?</verse>
				<verse number="12">Инжиралъул гъотІода зайтуналъул пихъ бижулебищ? Яги цІолбол гъабуда тІад инжир бижулебищ? Гьедин цІамгІалаб лъадал иццунисан бацІцІадаб лъим чвахуларо.</verse>
				<verse number="13">Нужеда гьоркьов цониги гІакъилав-цІодорав чи ватани, гьес жиндирго лъикІаб хьвада-чІвадиялдалъун бихьизабизе ккела жив гІакъилав ва гІодове виччарав чи вукІин.</verse>
				<verse number="14">Амма нужер рекІелъ хъубаб жахІдаги чІухІун цеве кІанцІизе бокьиги бугеб батани, гьересиялъ битІарабги хъублъизабуге, цІакъал-тІокІал чагІи ругиланги реццаруге нуж.</verse>
				<verse number="15">Гьединаб «гІакъиллъи» тІасан рещтІараб гуро, гьеб буго дуниялалдасан, мунагьаб напсалдасан ва илбисалдасан бачІараб.</verse>
				<verse number="16">Цоцаздехун жахІдаги бугони, чІухІун цере кІанцІизеги бокьулеб бугони, гьелъ рачуна гІала-гъважаялдеги квешлъиялдеги.</verse>
				<verse number="17">Зобалаздасан рещтІунеб гІакъиллъийин абуни, гьеб бацІцІадаб букІуна, гьединго сабруяб, хІалимаб, гІадамазухъ гІин тІамулеб, гурхІел-рахІмуялъул цІураб ва лъикІаб пихъ тІад бижулеб гъветІ гІадинаб букІуна. Гьеб гІакъиллъиялъул васвасдиги ххвелалги рукІунаро.</verse>
				<verse number="18">Ракълие рачел къарал гІадамаз ракълил хьон хьараб хуриса ритІухълъиялъул бачІин бакІарула.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Нужеда гьоркьоб кьалги дагІба-рагІиги кин бижулеб? Чорхолъ бухъардилеб бугеб гьаваялъ гурищ гьел рижизарулел?</verse>
				<verse number="2">Нужее бокьун бугониги, кьолеб гьечІелъулин нужго нужецаго чІвалел ругел. ХъантІун руго нуж, мурадалдеги щолел гьечІо. ДагІбадулел руго, къацандулел руго, амма нужеца Аллагьасда гьарулеб гьечІелъул, пайда бахунеб гьечІо.</verse>
				<verse number="3">Гьараниги, кьолеб гьечІо, лъикІлъиялъе гурелъул гьарулеб бугеб, — нужерго гьаваялда нахърилълъун хвезабизелъидал гьарулеб бугеб.</verse>
				<verse number="4">Божизе бегьиялдаса ун руго нуж! Нужеда лъаларебищ дуниялалъул гьудул Аллагьасул тушман вугевлъи? Дуниялалъулгун гьудуллъи гьабизе бокьарав Аллагьасул тушманлъун лъугьуна.</verse>
				<verse number="5">«Нилъехъе рещтІараб РухІалъ тІалаб гьабулеб буго цохІо Аллагь вокьизе», — ян гІадада хъван бугин ТІехьалдайиланищ нужеда ракІалде кколеб?</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул баркат цІикІкІунебго-цІикІкІунеб букІуна. «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», — ян абиялъе гІиллаги гьеб буго.</verse>
				<verse number="7">Аллагьасде мутІигІлъе, илбисалда дандечІа, гьеб нужеда аскІоса лъутун ина гьебмехалъ.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасде гІагарлъе, гьев нужедеги гІагарлъила. Нужго рацІцІад гьаре, ле мунагьчагІи! Ле цо хІал кколарел чагІи, нужерго ракІалги рацІцІад гьаре!</verse>
				<verse number="9">Гьабураб квешлъиялдаса ракІ бухІа, гІоде, чІчІичІчІиде! Нужер релъи гІодиялде буссине биччанте, нужер рохел пашманлъиялде буссине биччанте!</verse>
				<verse number="10">БетІергьанасде мутІигІлъе, гьес нуж тІадегІанлъизарила.</verse>
				<verse number="11">Цоцазда тІасан квешаб рагІи абуге, вацал. Вацасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав яги гьесда гІайиб чІварав чияс Къануналъул хІакъалъулъги абила квешаб рагІи, Къануналда гІайиб чІвалеб бугони, мун вукІине ккола гьелдасаги тІадегІанавлъун, — мун вуго гьеб тІубазабизе кколев чи.</verse>
				<verse number="12">Къанун бахъаравги гьеб тІубазабизе тІамулевги цохІо Аллагь вуго. Гьесда кІола нилъ хвасарлъизаризеги хвалде рачинеги. Гьедин бугелъул, мунго гІадинасда гІайиб чІвазе ккани, мун щив чи?</verse>
				<verse number="13">«Жакъа-метер нилъ пуланаб шагьаралде ине къватІире рахъина, гьениб цо лъагІел бала, даран-базар гьабила ва нилъее хайир бахина», — ян абулел чагІи, гьанже нуж гІенекке дихъ!</verse>
				<verse number="14">Метер щиб нужее ккелебали лъаларо нужеда. Щиб жо кколеб нужер гІумру? ТІаде борхун бачІун цо дагьабго мехалдасан тІагІун унеб гІодобнакІкІалда релълъуна гьеб.</verse>
				<verse number="15">«Аллагьасе бокьани, чІагоги хутІани, пуланабги гьабила, пуланабги гьабила», — ян абуни лъикІаб букІина нужее.</verse>
				<verse number="16">Нужин абуни, нужедаго ракІги чІун, чІухІдарилел руго. Гьединаб чІухІи квешаб жо буго.</verse>
				<verse number="17">ЛъикІлъи кин гьабилебалиги лъалев, жинца гьебги гьабуларев чиясе мунагь букІуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Гьанже дихъ гІенекке нуж, бечедал чагІи! Нужеде бачІинехъин бугеб балагьги-гІазабги лъан, гІоде нуж, чІчІичІчІиде нуж!</verse>
				<verse number="2">Нужер бечелъи турун тІагІун буго, нужер ретІелги ицица кванан буго.</verse>
				<verse number="3">Нужер гІарац-меседалдаги кьаву чІван буго. Гьеб кьавуялъ нужеда данде нугІлъи гьабила ва, цІадуца гІадин, рухІила гьелъ нуж. Дуниял ахиралде ккараб мехалда бакІарана нужеца гьеб хазина!</verse>
				<verse number="4">Хур лъилъаралъухъ кьезе кколеб букІараб мухь нужеца кватІизе тедал, хІалтІухъабазул бо нужеда данде нугІлъиялъе бахъун буго. Гьезул ахІи Къудратав БетІергьанасда рагІун буго.</verse>
				<verse number="5">Дуниялалда нужер гІумру гьарзаяб букІана, гІумруялдаса нужеца лазат-кепги босана, — хъвезе хьихьана нужецаго нужго!</verse>
				<verse number="6">Нужеде данде квер борхичІев муъминчи, судги гьабун, чІвана нужеца.</verse>
				<verse number="7">Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев.</verse>
				<verse number="8">Нужецаги сабру гьабе, къвакІун чІа, ТІадегІанав вачІунеб заман гІагарлъулеб буго.</verse>
				<verse number="9">Нужее суд гьабичІого хутІизе цоцаздасан гІарзал гьаруге, вацал. Гьале, Судияв нуцІихъе щун вуго!</verse>
				<verse number="10">Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез.</verse>
				<verse number="11">Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь.</verse>
				<verse number="12">Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани — тамихІалъе мустахІикълъула нуж.</verse>
				<verse number="13">Къварид вугес дугІа гьабе, лъикІ вугес, Аллагь веццун туркаби ахІе.</verse>
				<verse number="14">Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина.</verse>
				<verse number="15">Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола.</verse>
				<verse number="17">Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде.</verse>
				<verse number="18">Цинги гьес цоги дугІа гьабуна, — зодисан рахІмат рещтІана ва хурги бачІана.</verse>
				<verse number="19">[19-20] Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="60">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">[1-2] ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен — Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги.</verse>
				<verse number="2"></verse>
				<verse number="3">[3-4] Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен — Аллагьасе рецц. Хваралъуса ГІиса МасихІ вахъинавиялдалъун, кІудияб цІоб лъун, гьес нилъее цІияб гІумру кьуна. Гьедин чІаголъизабуна зобалазда цІунараб холареб, хъублъулареб, бечІалареб лъикІаб бутІа щвеялде бугеб нилъер хьул.</verse>
				<verse number="4"></verse>
				<verse number="5">Нуж божулел ругелъул, Аллагьас жиндирго къудраталдалъун цІунун тун буго гьеб бутІа, дуниял ахирлъидал къватІибе загьирлъун, нуж хвасарлъизаризе.</verse>
				<verse number="6">Гьанже дагьабго заманаялъ батІи-батІиял къварилъабаз нужер хІалбихьулеб бугониги, гьелдаса роха нуж.</verse>
				<verse number="7">Нужер божи-иман хІакъаб бугищали хІалбихьизе рачІуна гьел къварилъаби. Биун-тІагІун унеб меседалъулгицин цІадуца хІалбихьула. Меседалдасаги къиматаб бугелъул нужер божи-иман, гьелъулги хІалбихьизе ккола, ГІиса МасихІ загьирлъараб къоялъ нужее цІар-реццги къадру-къиматги насиблъизе.</verse>
				<verse number="8">ВихьичІониги вокьулев вуго нужее гьев; гьанже вихьулев гьечІониги, гьесда божулелги руго. Бицун хІалкІолареб кІудияб рохел рещтІинабулеб буго гьелъ нужер рекІелъе,</verse>
				<verse number="9">гьеб божи-иманалдалъун хвасарлъизе ругелъул нужер рухІал!</verse>
				<verse number="10">Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул.</verse>
				<verse number="11">Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе.</verse>
				<verse number="12">Аллагьас аварагзабазе загьир гьабун букІана, жинца гьел жидеего гІоло гурел, нужее гІоло ритІун ругеллъи. Аварагзабаз доб мехалдаго бицунеб букІиндалха зобалаздасан рещтІараб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун Рохалил хабар лъазабулез гьанже нужеда бицунеб бугебщиналъул хІакъалъулъ. Малаикзабазегицин бокьилаан гьеб лъазе.</verse>
				<verse number="13">Гьединлъидал нужерго гІакъиллъиялъул рачел щулаго къай. РорчІуда чІа. ГІиса МасихІ вачІараб къоялъ нужеде рещтІине бугеб баркаталде унго-унголъунги хьул лъе.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасде мутІигІлъе, жагьиллъиялда ругеб мехалъ нужер рекІелъ рукІарал къасдазда хадурги унге.</verse>
				<verse number="15">Нуж тІаса рищарав Аллагь вацІцІадав вугелъул, нужги кидаго рацІцІадго хьваде.</verse>
				<verse number="16">ТІехьалда хъван буго: «Дун вацІцІадав вугелъул, нужги рацІцІадго хьваде».</verse>
				<verse number="17">Гьурмахъ валагьичІого щивасул ишазе суд гьабулев Аллагьасде нужеца Эменилан ахІулеб бугелъул, гьесукьа хІинкъун тІаме гьаб дуниялалъул рокъоб хутІараб гІумру.</verse>
				<verse number="18">Нужерго умумуздасан ирсалъе щвараб чІобогояб гІумруялдаса нуж биун-тІагІун унеб гІарац-месед кьун гурелъулха тархъан гьарурал.</verse>
				<verse number="19">ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж.</verse>
				<verse number="20">Дуниял бижилелдего Аллагьас гьединаб къадар хъван букІана гьесие, амма нужее гьев загьирлъана гьаб ахирияб заманалда.</verse>
				<verse number="21">Гьесдалъунин нуж божулел ругел, хваралъуса вахъинавун гьев машгьурлъизавурав Аллагьасда. Гьединлъидалин нужер божиги хьулги Аллагьасде бугеб.</verse>
				<verse number="22">ХІакъабщиналда нахърилълъун нужеца нужерго ракІал рацІцІад гьаридал, нужее насиблъана диналъул вацаздехун унго-унгояб рокьи. Цоцаздехун ракІ-ракІалъулаб рокьи загІиплъизе биччаге.</verse>
				<verse number="23">Нуж цІидасан рижана, лъугІун-тІагІун унеб хьоналдасан гурел, хвел гьечІеб хьоналдасан. Аллагьасул абадияб ва нилъее чІаголъи кьолеб каламалдалъун рижана.</verse>
				<verse number="24">ТІехьалда хъван буго: «Харида релълъуна кинабго рижи, харилъе тІогьолалдаса цІикІкІараб машгьурлъиги щоларо гьелъие. Херги бакъван уна, тІегьги бечІала,</verse>
				<verse number="25">амма Бичасул калам абадиялъего хутІула». Гьеб калам ккола нужеда лъазабураб Рохалил хабар.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Гьанже кинабго квешлъиги, хІилла-рекІкІги, ххвелал гьариги, жахІда-хІусудги, мацІги рехун тун,</verse>
				<verse number="2">гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе.</verse>
				<verse number="3">БетІергьанасул рахІму-цІоб щибали лъайдалха нужеда!</verse>
				<verse number="4">Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж.</verse>
				<verse number="5">Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца.</verse>
				<verse number="6">ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо».</verse>
				<verse number="7">Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени — «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго».</verse>
				<verse number="8">Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, — гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб.</verse>
				<verse number="9">Нуж руго тІаса бищараб агьлу — Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе.</verse>
				<verse number="10">Цере нуж цо халкъ букІинчІо, гьанже нуж Аллагьасул халкъ ккола. Цебе нужеда цІоб лъун букІинчІо, гьанже нужеда цІоб лъун буго.</verse>
				<verse number="11">Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне.</verse>
				<verse number="12">Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе.</verse>
				<verse number="13">ТІадегІанасе гІоло мукІурлъе нуж инсанасдасан бугеб кверщелалъе — бищунго кІудияв вугелъул, къайсарасул амруги тІубазабе.</verse>
				<verse number="14">Квешлъи гьабулезе тамихІ гьабизе, лъикІлъи гьабулезе шапакъат кьезе гьес тІад тарал наибзабазеги мукІурлъе.</verse>
				<verse number="15">Аллагьасул амру буго лъикІал ишаздалъун нужеца гІабдалзабазул жагьилаб кІал къазабеян.</verse>
				<verse number="16">Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, — Аллагьасул лагъзаллъун рукІа.</verse>
				<verse number="17">Киназулго адаб-хІурмат гьабе, диналъул вацал рокьа, Аллагьасукьа хІинкъа ва къайсарасул къадру-къимат гьабе.</verse>
				<verse number="18">Гьединго нужги, лагъзал, нужерго бетІергьабазул адаб-хІурмат гьабун, гьезие мутІигІлъе, — гурхІарал-хІалимал гьел ругониги, хъачІал ругониги.</verse>
				<verse number="19">ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула.</verse>
				<verse number="20">Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула.</verse>
				<verse number="21">Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж.</verse>
				<verse number="22">Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо.</verse>
				<verse number="23">Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго.</verse>
				<verse number="24">Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе — чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана.</verse>
				<verse number="25">АхІун риччарал чахъаби гІадин рукІарал нуж гьанже Вехьасда аскІоре тІадруссана, нужер рухІал цІунулесухъе рачІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьединго нужги — руччаби, россабазе мутІигІлъе. Аллагьасул рагІиялда божуларел россабазени рагІаби хІажалъиларо, нужер хьвада-чІвадиялъ къезарила гьел,</verse>
				<verse number="2">бацІцІадаб ва адаб-хІурмат цІунараб гІамал-хасиятги нужелъ бихьун.</verse>
				<verse number="3">Гъалал хьухьин, гІин-квералда гІарац-месед бай ва чІухІараб ретІел ретІин — гьедин цебе рехун бихьулебщиналъулъ гуро нужер берцинлъи букІине кколеб.</verse>
				<verse number="4">Нужерго рекІелъ бугеб, нужеего хасаб бацІцІадаб адабалъин нуж берцинлъизаризе кколел. Бищунго къиматаблъун ккола Аллагьасда цебе хІеренаб ва недегьаб ракІ.</verse>
				<verse number="5">[5-6] Гьеле гьедин къачІадулаан цере Аллагьасде иман лъурал рацІцІадал руччаби. Мун дир бетІергьан вугилан Ибрагьим аварагасе Сарат мутІигІай йикІарай гІадин, жидерго россабазе мутІигІал рукІана гьел. Гьанже нужги гьелъул ясаллъун ккола, нужеца лъикІлъиги гьабулеб бугони, балагьалдаса хІинкъулелги гьечІони.</verse>
				<verse number="6"></verse>
				<verse number="7">Гьединго нужецаги, росал, руччаби нужедаса загІипал рукІинги лъан, гІакъилго-цІодорго гьабе гьезие рослъи. Гьезул хІурмат гьабе, нужее гІадин, гьезиеги насиблъулелъул абадияб гІумру. Нужер гьари-дугІаялъе сунцаниги квалквал гьабизе бегьуларо.</verse>
				<verse number="8">Къокъго абуни, нуж киналго цоцалъ рекъон рукІа, цоцазул къварилъи-гІатІилъи бацІцІе, нужерго диналъул вацал рокьа, цоцалъ хІалимго-хІеренго рукІа.</verse>
				<verse number="9">Квешлъи гьабурасе квешлъиги гьабуге, рогьо барасда рогьоги баге, гьелъул гІаксалда, нужеца абе гьесда баркат лъегийилан. ХІакълъунго гьедин гьабизе ахІулел руго нуж Аллагьас, гьелъухъ нужеда баркат лъезе.</verse>
				<verse number="10">ТІехьалда буго: «ГІумру рохалида ине ва лъикІал къоял тІаде рачІине бокьарас чияр бициналдаса мацІги цІуне, гьереси бициналдаса кІалги цІуне».</verse>
				<verse number="11">Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъи гьабичІого тоге. Дуца рекъел балагье, гьелда хадув лъугьа мун.</verse>
				<verse number="12">Муъминзабазул букІунаро БетІергьанас цІунулареб нух, гьезул гьари-дугІаялъухъ гІенеккула Гьев, квешлъи гьабуразда дандеги чІола.</verse>
				<verse number="13">БитІараб гьабизе нужеца хІаракат бахъулеб бугони, лъида кІолеб нужее зарал-зиян гьабизе?</verse>
				<verse number="14">Нуж ритІун хьвадулел рукІин сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, Аллагьасул баркат рещтІуна нужеде. Лъикьаниги хІинкъуге, сундулниги ургъел гьабуге.</verse>
				<verse number="15">МасихІ ТІадегІанавлъун ккве нужерго рекІелъ. Сунде нужер хьул бугебилан гьикъулевщинасе нужерго сабруялдалъунги адабалдалъунги жаваб кьезе хІадурго рукІа нуж кидаго.</verse>
				<verse number="16">МасихІиде цолъарал нужелъ бугеб лъикІаб гІамал-хасияталда бугьтан лъун данде кІалъалел чагІи инжитлъизе, нужеца намус бацІцІад цІуне.</verse>
				<verse number="17">ЛъикІлъи гьабуралъухъ гІазаб-гІакъуба хІехьейго лъикІ (гьелъие Аллагьасул къадар батани), — квешлъи гьабуралъухъ гьеб хІехьеялдаса.</verse>
				<verse number="18">Нилъ Аллагьасде гІагарлъизе киназего гІоло цо нухалъ хведалха МасихІ ГІиса, — мунагьал ругезе гІоло хведалха мунагьго гьечІев. Гьесул черх чІвана, амма РухІалъ гьев цІидасан чІаголъизавуна.</verse>
				<verse number="19">Гьеб РухІ ана жужахІалъур ругел рухІазда цІияб хабар бицине.</verse>
				<verse number="20">Гьел рукІана, НухІ аварагас гама гьабулеб заманалда, Аллагь жиндирго кІудияб сабруялда валагьун чІун вукІаниги, Гьесухъ гІенеккичІезул рухІал. НухІида цадахъ дагьал чагІи гурони хвасарлъичІо, микьго чи ворчІана тІупаналъул лъададаса.</verse>
				<verse number="21">ТІупаналъул лъим ккола гьанже нуж хвасарлъулеб лъадалъ ччун рахъиялъул гІаламатлъун. Черхалдаса хъублъи чуризе гуро нуж лъадалъ ччун рахъулел, — ГІиса МасихІ хваралъуса вахъинавиялдалъун нужер намус бацІцІалъизабейилан Аллагьасда гьаризейин.</verse>
				<verse number="22">Гьев зодове ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго. Гьесие мутІигІал руго малаикзаби, гьезул бутІрул ва хІакимзаби.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, — черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха,</verse>
				<verse number="2">хутІараб гІумру, чорхол гьаваялъе бокьухъе гуреб, Аллагьасул амруялги тІуразарун, тІамизелъун.</verse>
				<verse number="3">Мажусиязе бокьулеб куцалда, пасалъиялдаги чорхол гьаваялдаги хадур ун, гьекъолдулаго, гьакълил рокъоса къватІире рахъинчІого кеп-гІоркьалда ва гьересиаллагьзабазе инжитаб-къабихІаб гІибадат гьабулаго тІамураб гІеларищ нужеца цебехун букІараб гІумру?</verse>
				<verse number="4">Жидерго гьел гІасиял ишазулъ нуж гІахьаллъунгутІиялда гІажаиблъи гьабун гьез нуж какулел руго.</verse>
				<verse number="5">Амма чІагоязеги хваразеги суд гьабизе къачІан вугесда цебе жаваб кьезе ккелебха гьез.</verse>
				<verse number="6">Кинабгоги рижиялъе гІадин, жидееги суд гьабун букІарал хвараздаги Рохалил хабар лъазабуна, хварал чагІигицин, Аллагь гІадин, хвел гьечІеллъун лъугьине.</verse>
				<verse number="7">Гьаб дуниял ахирлъулеб буго. Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе бажарулеб хІалалда цІодорго чІа, ригьун рукІа.</verse>
				<verse number="8">РакІ-ракІалъго цоцазе рокьа. Гьеб буго аслияб жо — рокьиялъ гІемерал мунагьал рахчула.</verse>
				<verse number="9">Нодо букІкІинчІого гьабе цоцазе гьоболлъи.</verse>
				<verse number="10">Аллагьас нужер щивав чиясе кьураб баркатаб гьунар цоцазе пайдаялъе хІалтІизабе, батІи-батІиял хъулухъазде тІамурал лъикІал чагІаз гІадин.</verse>
				<verse number="11">КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, — нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин!</verse>
				<verse number="12">ЗахІматаб-къваридаб къо тІаде бачІунилан гІажаиблъи гьабуге, дир хириял, нужеца, хІикматаб иш лъугьанилан ракІалдеги ккоге.</verse>
				<verse number="13">МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине.</verse>
				<verse number="14">Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха!</verse>
				<verse number="15">Бидуласе, цІогьорасе, яги цогидав такъсирчиясе, ялъуни мацІихъанасе букІунеб тамихІалъул гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккогеги нужер цонигияс.</verse>
				<verse number="16">Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе.</verse>
				<verse number="17">Иман лъуразул агьлуялдасан байбихьун, киназего Аллагьас суд гьабулеб заман тІаде щун буго. Гьес нилъедасан байбихьи гьабулеб бугони, Аллагьасул Рохалил хабаралда божичІезул ахир кинабдай букІина?</verse>
				<verse number="18">ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» — ян.</verse>
				<verse number="19">Гьединлъидал Аллагьасул къадаралдалъун гІазаб-гІакъубаялда ругез лъикІлъи гьабичІого тоге, нилъ Рижарасул ва РагІи холаресул амруялда разилъун чІа.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго:</verse>
				<verse number="2">Аллагьас нужехъе кьураб рехъае вехьлъи гьабе, Аллагь разилъиледухъ гьелъул тІалабги гьабе, нужеда тІадаб бугилан гуреб, — рекІелъ рокьигун,</verse>
				<verse number="3">ужра-мухьалде хьул лъун гуреб, — Аллагьасе хъулухъ гьабизе бугеб гъира-шавкъгун. Нужеда божун таразе ханлъи гьабуге, рехъадулъ ругезе мисал бихьизабе.</verse>
				<verse number="4">КІудияв Вехь тІаде вачІараб мехалъ, гьес нужер ботІрода лъела киданиги холареб таж.</verse>
				<verse number="5">Гьанже, гІолохъаби, нужги чІахІиязе мутІигІлъе. Цоцаздехун хІеренлъи-хІалимлъиялъул рачел къай. ТІехьалда буго: «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», — ян.</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул къуватаб кверщаликь хІеренго-хІалимго рукІа, болжал цІараб къоялъ гьес нуж тІадегІанлъизарулин.</verse>
				<verse number="7">Сункьаниги хІинкъичІого, кинабго гьесде тІамун те. Гьес нужер тІалаб гьабулелъулха.</verse>
				<verse number="8">ЦІодорго чІа, рорчІи ккве, нужер тушман илбис нужеда сверун лъугьун бугебин, тІу-тІун бан кваназе чан балагьулаго гІергІедулеб гъалбацІ гІадин.</verse>
				<verse number="9">ТІолабго дуниялалда ругел нужер вацалги гьединабго гІазаб-гІакъубаялда рукІинги лъан, божи-иманги щулалъизабун, нуж илбисалда дандечІа.</verse>
				<verse number="10">Дагьаб заманаялъ гІазаб-гІакъуба хІехьон хадубин абуни, МасихІиде цолъун ругел нуж, жиндирго къудраталдалъун абадияб гІумруялде ахІарав, цІоб гІатІидав Аллагьас цІидасан тІадегІанлъизарила, нужер божи-иман цІикІкІинабила, нужелъ къвакІи-яхІ бижизабила ва кьучІ щулалъизабила.</verse>
				<verse number="11">Гьесул къудрат абадияб-даимаб буго! Амин!</verse>
				<verse number="12">Божизе бегьулев вац вугилан дица рикІкІунев Сильваница кумекги гьабун, гьаб къокъаб кагъат хъвана нужехъе, нуж къвакІун чІезе ва хІакълъунго гьеб кинабго Аллагьасул баркат букІиналда нуж божизе. Аллагьасдасан бачІараб баркаталъул нух щулаго ккве.</verse>
				<verse number="13">Нужго гІадин, Аллагьас тІаса рищарал иман лъуразул Вавилоналда бугеб агьлуялъулги ва дица васлъун тарав Маркилги салам буго нужеде.</verse>
				<verse number="14">Цоцазда баун салам гьабе. МасихІиде цолъун ругел нуж киналго сах-саламат хутІаги!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="61">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">ГІиса МасихІил лагъ ва чапар Симеон Пётрица гьаб кагъат хъвалеб буго нижее гІадинаб цІакъго къиматаб божи-иман жидее щваразухъе. Божи-иман лъедал, нилъер Аллагьасда ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІида цере ритІухълъараллъун рикІкІана нужги.</verse>
				<verse number="2">Аллагь ва нилъер ТІадегІанав ГІиса тІубанго лъаралъухъ рекъелги цІобги цІикІкІаги нужее!</verse>
				<verse number="3">Аллагьасул къудраталъ нилъее кьуна хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялъе хІажалъулебщинаб жо. Жиндир къуваталъулги лъикІлъиялъулги бутІа щвезелъун жинца нилъ ахІарав МасихІ нилъеда лъана.</verse>
				<verse number="4">Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, — гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал кутакаб хІаракат бахъе нужерго божи-иманалде лъикІаб гІамал жубазе, лъикІаб гІамалалдеги гІелму-лъай жубазе,</verse>
				<verse number="6">гІелму-лъаялдеги нужедаго квелъ базе кІвей жубазе, нужедаго квелъ базе кІвеялдеги сабру жубазе, сабруялдеги муъминлъи жубазе,</verse>
				<verse number="7">муъминлъиялдеги вацлъи жубазе, вацлъиялдеги рокьи жубазе.</verse>
				<verse number="8">Гьеб кинабгойин нужелъ букІине кколеб! Нужелъ гьеб гьарзаго бугони, нужеда цІикІкІун лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, щибго пайда гьечІеллъун ва сундуего ярагьунареллъунги лъугьинаро нуж.</verse>
				<verse number="9">Гьеб кинабго жиндилъ камурасда канлъи бихьуларо: гьесда кІочон тана жиндир цересел мунагьал чурун рукІин.</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидалин, вацал, нужеца цІикІкІараб хІаракат бахъун тасдикъ гьабизе кколеб нуж Аллагьас ахІарал ва тІаса рищарал чагІи рукІин. Гьедин хьвадани — нужер хІетІе киданиги тариларо!</verse>
				<verse number="11">Нужее гьарзаго щвела нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІил абадияб ПарччахІлъиялде жанире лъугьине ихтияр.</verse>
				<verse number="12">Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, — нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги.</verse>
				<verse number="13">Дир чорхолъ рухІ бугебгІан заманаялда нахъаса къотІичІого гьеб нужеда ракІалде щвезаби дица дида тІадаб ишлъун рикІкІуна.</verse>
				<verse number="14">Дида лъала дир чорхолъ рухІ гІемераб мехалъ хутІизе гьечІеблъи. Гьеб дие загьир гьабуна нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІица.</verse>
				<verse number="15">Амма дица дида кІварабщинаб гьабила, — дун ун хадубги, бокьараб мехалда нужеда гьеб ракІалде щвезе.</verse>
				<verse number="16">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал.</verse>
				<verse number="17">Ниж руго жиндирго Эмен — Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун».</verse>
				<verse number="18">Зобалаздасан бахъараб гьеб гьаракь нижедаго рагІана, мукъадасаб магІарда ниж гьесда цадахъ рукІараб мехалъ.</verse>
				<verse number="19">Гьелъ нилъер дагьабги цІикІкІун ракІчІезабулеб буго аварагзабазул рагІаби ритІухълъун рукІиналда. Нужеца гьел рагІаби гІадахъ росани, нуж ритІарал рукІина. Жеги бакъул кунчІи чІвалелде ва нужер рекІелъ Рогьалил ЦІва баккилелде, бецІлъуда рекІараб чирахълъун рукІина нужее гьел рагІаби.</verse>
				<verse number="20">Амма сундасаго цебе ракІалда чІезабизе ккола ТІухьдузда хъвараб цониги калимаялъул магІна живго лъугьун инсанас гьабизе бегьулареблъи.</verse>
				<verse number="21">Инсанасе бокьунилан Аллагьасул цониги калима рещтІинчІелъулха ракьалде. Аллагьасул калам инсанас халкъалъе бицунаго, Илагьияб РухІалъин гьев кІалъазе тІамулев.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго.</verse>
				<verse number="2">ГІемерисез мисал босила гьезул пасалъиялдаса, ва гьеб бихьидал гІадамал хІакъабщиналъул нух какизе лъугьина.</verse>
				<verse number="3">Гьел руго гІорцІиго лъаларел чагІи. Жидецаго ургъун рахъарал харбалги нужее рицун, лъикІго бечелъила гьел. Амма гьезие некІого къотІараб хІукму кватІизе гьечІо, гьезде бачІинесеб балагь-гІазабги гъапуллъун гьечІо!</verse>
				<verse number="4">Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана.</verse>
				<verse number="5">РитІухълъи тІибитІизабизе витІарав НухІги ва гьесда цадахъ анкьго чиги хутІизегІан, цогидал гІадамаздаги гурхІичІо Аллагь, мунагь-хІакъалъул агьлуялде тІупан тІураб мехалда.</verse>
				<verse number="6">Содом ва Гоморра шагьарал щущазаризе хІукмуги гьабун, гьел рохъоялде сверизаруна, гьез гІадинаб пасалъи хадубккунги гьабулезе дарслъун букІине.</verse>
				<verse number="7">Амма Аллагьас хвасар гьавуна гІорхъулъа борчІараб хъахІбалъиялде руссарал гІадамазул хьвада-чІвадиялъ тату хвезабурав ва вацІцІадго чІарав ЛутІ.</verse>
				<verse number="8">Гьезда гьоркьов вацІцІадго хьвадарав гьев чиясул бацІцІадаб рекІее щибаб къоялъ гІазаб кьолаан гьез гьабулебщинаб бихьулебги рагІулебги букІиналъ.</verse>
				<verse number="9">БетІергьанасда лъала рацІцІадал гІадамал гІакъуба-къварилъиялдаса хвасар гьаризе, пасатал чагІазейин абуни, Суд гьабулеб къо тІаде щвелалдегоцин тамихІ гьабичІого толаро.</verse>
				<verse number="10">Жидерго гьаваялъ рижизарурал хъубал къасдазда хадур унел ва гьесул амруял рикІкІинего рикІкІунарел гІадамазе бищун цІикІкІараб тамихІ гьабула Аллагьас. Гьел адаб гьечІел ва намусги гьечІел гІадамал хІинкъуларо зобалазда ругел къудратал малаикзаби какизе.</verse>
				<verse number="11">Гьел квешал гІадамаздаса гІемерго къуватал ва гучал ругониги, малаикзаби намуслъула БетІергьанасда цебе гьединал гІадамазда гІайиб чІван гьел какизе.</verse>
				<verse number="12">Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел.</verse>
				<verse number="13">Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса.</verse>
				<verse number="14">ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел!</verse>
				<verse number="15">БитІараб нухги тун, къосун ккун руго гьел. Квешлъиялъухъ щолеб гІарцуца къосинавурав Беъорил вас БилгІамил нухдасан ана.</verse>
				<verse number="16">Амма гьес гьабулеб букІараб квешаб къасд къватІиб чІвана: мацІ лъалареб жиндирго хІамица, инсанасул мацІалдалъун кІалъан, гьеб гІантаб жо гьабизе биччачІо.</verse>
				<verse number="17">Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи.</verse>
				<verse number="18">Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула.</verse>
				<verse number="19">Гьел гьересинасихІатчагІаз рагІи кьола гІадамал жидеца тархъан гьарилилан, амма гьел жалго руго пасалъиялъул лагъзал. Бергьарасул лагълъун къурав кколелъулха!</verse>
				<verse number="20">Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел</verse>
				<verse number="21">БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан!</verse>
				<verse number="22">Гьезие лъугьараб жоялъ бихьизабула гьадинал кицаби ритІарал рукІин: «Гьве тІадбуссун бачІуна жинцаго лагІараб жо чІикІизе» ва «Чурун хадубги болъон хІарщулъ гебегахъдула».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Гьале дица нужехъе кІиабизеги кагъат хъвалеб буго, дир хириял. Гьал кагътазда жаниб дица хІаракат бахъулеб буго, нужеда ракІалде щвезабун, нужелъ рацІцІадал пикраби рижизаризе.</verse>
				<verse number="2">Бичасул аварагзабаз абурал рагІаби ва нужехъе рачІарал чапарзабаз бицараб нилъ хвасар гьарурав ТІадегІанасул амру нужеца ракІалдаса ине биччаге.</verse>
				<verse number="3">Сундасаго цебе нужеда лъазе ккола дуниялалъул ахирисел къоязда рачІине рукІин жидерго къасдазул нухдасан унел ва намус гьечІел гІадамал.</verse>
				<verse number="4">ГІад-хочІ гьарун, гьез абизе буго: «ВачІинилан рагІи кьурав гьев щайха вачІунев гьечІев? Гьале нилъер умумулги цереса ана, амма кинабго хутІун буго дуниял бижараб мехалъго букІараб хІалалда, щибго хиси ккечІого».</verse>
				<verse number="5">Гьезда кІочон толеб буго авалалдаго, Аллагьас амру гьабун, зобалги ракьги рижун рукІараблъи. Ракь бижана лъададасан ва лъададалъун.</verse>
				<verse number="6">Цинги гьеб тІупаналъул лъадалъ тІерхьана.</verse>
				<verse number="7">Гьанже ругел зобалги ракьги Суд гьабулеб къо щвезегІан цІунизе руго Аллагьас. Суд гьабулеб къоялъ зобалги ракьги рухІун лъугІила, киналго пасатал гІадамаздеги хвел рещтІина.</verse>
				<verse number="8">Нужеда кІочон тоге, дир хириял, БетІергьанасе цо къоги азарго сон гІадин букІунеблъи, азарго сонги цохІо къо гІадин букІунеблъи.</verse>
				<verse number="9">Гьев кватІулев вугилан цо-цо гІадамаз рикІкІунеб бугониги, БетІергьан кватІулев гьечІо кьураб рагІи тІубазабизе. ХІакъикъаталда гьес сабру гьабулеб буго: гьесие бокьун гьечІо нужер щивниги гІадада хвезе — бокьун буго киналго кантІун жиндего руссине.</verse>
				<verse number="10">ТІадегІанасул Къо бачІине буго тохлъукьего, цІогьор гІадин. Гьеб Къоялъ, кутакалда гъугъадун, зобал тІубанго тІагІина, дуниялалда бугебщинаб цІа рекІун бухІила. Гьебмехалъ къватІирчІвала ракьалда лъугьарал тІолалго ишал.</verse>
				<verse number="11">Кинабго гьедин биххун-щущан инехъин бугелъул, нужеца гьабизе ккола бацІцІадаб ва Аллагьасде мутІигІаб гІумру.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасул Къо бачІиналъухъ — цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ — ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго!</verse>
				<verse number="13">Нилъ ралагьун чІун руго, гьес рагІи кьураб къагІидаялъ, цІиял зобал ва цІияб ракь бижиялъухъ. Гьенибин ритІухълъи букІунеб!</verse>
				<verse number="14">Гьединлъидал, дир хириял, гьеб къо бачІиналъухъ ралагьун чІун, рацІцІадаллъун, гІайиб гьечІеллъун ва Аллагь разилъулеллъун рукІине хІаракат бахъе.</verse>
				<verse number="15">Нужеда лъазе ккела БетІергьанасул кІудияб сабруялдалъун нуж хвасарлъизе рукІин. Аллагьас гьесие кьураб гІакъиллъиялдалъун гьелъул хІакъалъулъин нужеда бицараб нилъер хирияв вац Павелицаги.</verse>
				<verse number="16">Гьес гьелъул хІакъалъулъ бицунеб буго жиндирго киналго кагътазда. РичІчІизе захІматал жалги руго гьенир, лъавукъал ва цо хІал кколарел гІадамаз, цогидал тІухьдузда хъваралъулго гІадин, гьезулги магІна мекъи сверизабула, — жидедего гІасияб балагь бачІиналъе сабаблъун ккезе.</verse>
				<verse number="17">[17-18] Нужеца, дир хириял, нужеда гьеб цебеккунго лъалелъул, нужго цІуне! Намус гьечІел гІадамазул гьересиялъ хадур цІазе ва мугъчІвазе бугеб щулияб сангаралдаса махІрумлъизе чІоге! Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІги гьесул лъикІлъиги лъикІго ва цІикІкІун лъазабун, нужго камиллъе. Гьесие рецц гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="62">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе.</verse>
				<verse number="2">Абадияб гІумру загьирлъана, ва нижеда гьеб бихьана, ва нижеца гьелъие нугІлъи гьабулебги буго. Нужеда лъазабулебги буго Инсуда аскІобги букІараб, нижееги загьирлъараб гьеб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ.</verse>
				<verse number="3">Нижедаго бихьаралъулги рагІаралъулги хІакъалъулъ нужедаги лъазабулеб буго, нижги нужги цо агьлулъун лъугьине бокьун. ХІакълъунго нилъ руго Инсулги ва гьесул Вас ГІиса МасихІилги агьлу.</verse>
				<verse number="4">Нижер рохел гьарзалъизе бокьун хъвалеб буго гьаб кагъат нужехъе.</verse>
				<verse number="5">Аллагь Нур вугин ва гьесулъ бецІлъи гьезего гьечІин абун МасихІидасан рагІараб хабар гьале нужедаги лъазабулеб буго.</verse>
				<verse number="6">Гьесул агьлу бугиланги абун нилъ бецІлъуда хьвадулел ругони, нилъеца абулебги гьабулебги гьересилъиларищ?</verse>
				<verse number="7">Аллагь Нуралъулъ вугев гІадин, нилъги Нуралда гъоркь хьвадулел ругони, гьебмехалда цо агьлулъун лъугьуна нилъ ва Аллагьасул Вас ГІисал биялдалъун чурула нилъер киналго мунагьалги.</verse>
				<verse number="8">Нилъеда мунагь гьечІилан нилъеца абулеб бугони, гьеб букІина нилъго нилъецаго гуккилъун. Гьебмехалда хІакъабщинаб букІинищ нилъер рекІелъ?</verse>
				<verse number="9">Гьесда цере нилъеца нилъерго мунагьал рехсани, рагІи кьучІав ва ритІухъав Аллагь тІасалъугьуна, гьес нилъ кинабго квешлъиялдаса рацІцІад гьарула.</verse>
				<verse number="10">Мунагьго гьабичІилан нилъеца абуни, Аллагьас гьереси бицунеб бугин аби кколагури гьеб. Гьебги ккола гьесул РагІуе нилъер рекІелъ бакІ батичІолъи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Гьаб дица нужехъе хъвалеб буго, дир лъимал, нужеца мунагьал гьаричІого рукІине. Цо лъицаниги мунагь гьабуни, нилъер вуго гьесул рахъалъ Инсул судалда кІалъазе ритІухъав чи — ГІиса МасихІ.</verse>
				<verse number="2">Гьев вуго нилъер мунагьал чуризе къурбан, цохІо нилъер гурелги, тІолабго гІаламалъул мунагьал чуризе къурбан.</verse>
				<verse number="3">Нилъеда Аллагь лъалев вукІин бихьула нилъеца гьесул амруял тІуразарулел ругони.</verse>
				<verse number="4">Жинда гьев лъалинги абулев, амма гьесул амруял тІуразаруларев чи гьерсихъан вуго, хІакъабги гьечІо гьесулъ.</verse>
				<verse number="5">Гьесул рагІи тІубазабулев чиясулъ хІакълъунго камиллъула Аллагьасде рокьи. Гьелдасанин нилъеда лъалеб нилъ гьесде цолъун рукІин.</verse>
				<verse number="6">Аллагьгун жив цолъун хутІулин абулевги хьвадизе ккола ГІиса МасихІ хьвадарав гІадин.</verse>
				<verse number="7">Нужее цІияб амру гьабизе гуро, дир хириял, дица нужехъе хъвалеб бугеб. Гьеб буго авалалдаго нужее гьабун букІараб цебегосеб амру. Гьеб цебегосеб амру ккола нужеда рагІун букІараб рагІи.</verse>
				<verse number="8">Амма гьале цІияб амру гьабулеб буго нужее — хІакъабщинаб ГІисалъги нужелъги бихьулеб бугелъул, бецІлъи лъутулеб бугелъул ва хІакъаб канлъиги рещтІун бугелъул.</verse>
				<verse number="9">Жив канлъуда вугиланги абулев, амма жиндирго диналъул вац вокьуларев чи жеги бецІлъуда вуго.</verse>
				<verse number="10">Жиндирго вац вокьулев чи канлъуда хутІула ва гьесдалъун щивниги къосинеги гьечІо.</verse>
				<verse number="11">Жиндирго вац вокьуларев чи бецІлъуда вуго, бецІлъуда хьвадулевги вуго. БецІлъиялъ берал бецлъизарун ругелъул, кивехун иневали лъаларого хутІун вуго гьев.</verse>
				<verse number="12">Гьале дица нужехъе хъвалеб буго, дир лъимал, ГІисал цІар сабаблъун мунагьал чурун ругелъул.</verse>
				<verse number="13">Гьале нужехъе хъвалеб буго, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Нужехъеги хъвалеб буго, гІолилал, илбис къезабизе кІун бугелъул нужеда.</verse>
				<verse number="14">Дица нужехъе хъвана, дир лъимал, Эмен нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, гІолилал, нуж къуватал ругелъул, Аллагьасул рагІиги нужелъ бугелъул ва илбис къезабизеги кІун бугелъул нужеда.</verse>
				<verse number="15">Гьаб дуниялги бокьуге, дуниялалда бугебги бокьуге. Дуниял бокьулесулъ Инсуде рокьи гьечІо.</verse>
				<verse number="16">Дуниялалда бугебщинаб кколелъул чорхол гьаваги, берзул гьаваги ва гьаб дуниялалъул боцІудаса чІухІиги. Гьеб Инсудасан бачІараб гуро, дуниялалдасан бачІараб буго.</verse>
				<verse number="17">Дуниял лъутун унеб буго, гьелдаго цадахъ унеб буго гьелъул чІухІи-гьаваги. Амма Аллагьасул амру тІубазабулев чи абадиялъго хутІила.</verse>
				<verse number="18">Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин.</verse>
				<verse number="19">Гьел нилъеда гьоркьосан рахъана, амма гьел нилъерал рукІинчІо. Нилъерал рукІаралани, нилъгун хутІилаан гьел. Амма киналгоги нилъерал рукІинчІолъи загьирлъизейин гьел нилъеда гьоркьоса арал.</verse>
				<verse number="20">Нужелъе Илагьияб РухІ ГІисадалъун рещтІана, гьединлъидал нужеда кинабго лъала.</verse>
				<verse number="21">ХІакъабщинаб нужеда лъаларилан гуро дица нужехъе гьаб хъвалеб бугеб, хъвалеб буго нужеда гьеб хІакъабщинабги лъалелъул ва кинаб букІаниги гьереси гьелдасан бижулареблъиги лъалелъул.</verse>
				<verse number="22">МасихІ гурилан ГІисаде абулев чиги гьерсихъан гурев ватани, гьерсихъан щивха цинги кколев? Гьединав чи ккола Инсудасаги Васасдасаги инкар гьабурав Тажал.</verse>
				<verse number="23">Васасдаса инкар гьабулевщинав чияс Инсудасаги инкар гьабула. Вас къабул гьавуравщинав чияс Эменги къабул гьавула.</verse>
				<verse number="24">Авалалдаго нужеда рагІарабщинаб нужелъго цІуне. Авалалдаго рагІарабщинаб нужелъ хутІани, нужги хутІулелха Инсулъги Васасулъги.</verse>
				<verse number="25">Васас нилъее рагІи кьун буго абадияб гІумру насиблъулилан!</verse>
				<verse number="26">Нуж къосинаризе къваригІаразул хІакъалъулъин дица гьаб нужехъе хъвалеб бугеб.</verse>
				<verse number="27">ГІисадалъун рещтІараб Илагьияб РухІ нужелъ хутІулеб бугелъул, нужеда лъицаниги малъизе кколаро. Амма гьеб Илагьияб РухІалъ нужеда кинабго малъулеб бугелъул, гьеб хІакъаб бугелъул ва гьересиги гьелъулъ гьечІелъул, гьелъ малъухъе нуж МасихІгун цолъун рукІа.</verse>
				<verse number="28">Гьанже, дир лъимал, МасихІгун цолъун рукІа, гьев рещтІараб мехалда хІинкъичІого рукІине ва гьев вачІаравго намуслъун лъутизе ккечІого рукІине.</verse>
				<verse number="29">Гьев ритІухъав вукІин лъалев чиясда лъала ритІухъго хьвадулелщиналги Аллагьасул лъимал кколеллъи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Нилъ Аллагьасул лъимал ругилан абизе ва хІакъикъаталдаги гьеллъун рукІинеги Инсуца нилъее кьун бугеб рокьиялъухъ балагье нуж. Гьаб дуниялалъул гІадамазда Аллагь лъаларелъул, нилъги рикІкІунел гьечІо гьез.</verse>
				<verse number="2">Гьанже нилъ Аллагьасул лъимал руго, дир хириял, амма щаллъун нилъ рукІинелали жеги загьирлъун гьечІо. Амма нилъеда лъала, МасихІ вачІараб мехалда, нилъ гьесда релълъунеллъи, кинав вугевали гьев нилъеда вихьизе вугелъул.</verse>
				<verse number="3">Гьев вацІцІадав вугелъул, гьевго гІадин вацІцІалъула гьединаб хьул гьесде лъунщинавги.</verse>
				<verse number="4">Мунагь гьабулевщинас къанунги хвезабула, къанун хвезаби бугелъулха мунагьги.</verse>
				<verse number="5">Нужеда лъала МасихІ нилъер мунагьал чуризе гІоло загьирлъаравлъи ва гьесда мунагь гьечІеблъиги.</verse>
				<verse number="6">Гьесде цолъун вугевщинас мунагь гьабуларо, мунагь гьабулевщинасдаги гьев вихьунги лъанги гьечІо.</verse>
				<verse number="7">Лъицаниги нужго къосинаризе гурин, дир лъимал: МасихІ ритІухъав вугев гІадин, ритІухъав вукІуна ритІухъабщинаб гьабулевги.</verse>
				<verse number="8">Мунагь гьабулевги илбисалъул рахъалда вуго, авалалдаса бахъарабго мунагь гьабулеб бугелъул гьеб. Илбисалъул ишал хвезаризейин Аллагьасул Вас загьирлъарав.</verse>
				<verse number="9">Аллагьасдасан лъугьаравщинас мунагь гьабуларо, гьесулъ Аллагьасул тІабигІат бугелъул. Гьесда мунагь гьабизе кІоларо, гьев Аллагьасдасан лъугьун вугелъул.</verse>
				<verse number="10">Гьеле гьелдалъун ратІа гьаризе лъала Аллагьасул лъималги илбисалъул лъималги: ритІухъаб гьабуларевщинавги ва жиндирго вац вокьуларевщинавги Аллагьасдасан гуро.</verse>
				<verse number="11">Авалалдасанго нилъехъе амру бачІун букІиндалха нилъ цоцазе рокьайилан.</verse>
				<verse number="12">Илбисалда нахъвилълъун жиндирго вац чІварав Къабил гІадин рукІунге. Щай гьес вац чІварав? Гьесул ишал квешал рукІиндал ва вацасул ишалги ритІухъал рукІиндал чІвана.</verse>
				<verse number="13">Гьединго гьаб дуниялалъе нуж рокьунгутІиялда гІажаиблъуге, вацал.</verse>
				<verse number="14">Нилъеда лъала нилъ хвалдаса гІумруялде рачІараллъи ва гьебги загьирлъана вацал рокьиялдалъун. Рокьуларев — хвалил кверщаликь хутІула.</verse>
				<verse number="15">Жиндирго вац вокьуларевщинав ккола чи чІвалев чи. Нужеда лъала чи чІвалев цониги чиясулъ абадияб гІумру хутІулареблъиги.</verse>
				<verse number="16">Нилъее гІоло гьес жиндирго рухІ кьеялдалъун лъана нилъеда МасихІил рокьи, нилъецаги вацазе гІоло рухІ кьезе ккола.</verse>
				<verse number="17">Дуниялалъул бечелъи жиндир бугев чиясда жиндирго вац мискинго вихьидал гьев кьурун вуссунев вугони, Аллагьасде рокьи гьесулъ кисаха букІинеб?</verse>
				<verse number="18">РачІа, дир лъимал, нилъго цоцазе рокьилин, рагІудалъунги кІал-мацІалдалъунги гуреб, ишалдалъунги ва хІакъабщиналдалъунги.</verse>
				<verse number="19">[19-20] Гьединин нилъеда лъалеб нилъ хІакъабгун рукІин ва гьединин, нилъерго намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб мехалда, Аллагьасда цебе нилъеца ракІалги парахалъизарулел. Аллагь нилъер намусалдаса тІадегІанав вугелъул ва гьесда кинабго лъалелъул!</verse>
				<verse number="20"></verse>
				<verse number="21">Нилъер намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб гьечІони, Аллагьасда цебе нилъер ракІ сородуларо.</verse>
				<verse number="22">Нилъеца гьесул амрабиги тІуразарулелъул ва гьесие бокьарабги гьабулелъул, щиб гьараниги щола нилъее гьесдасан.</verse>
				<verse number="23">Гьесул амру буго нилъ гьесул вас ГІиса МасихІида божайилан ва МасихІица нилъеда лъазабураб куцалда цоцазе рокьайиланги.</verse>
				<verse number="24">Жиндир амру тІубазабулев чи Аллагьас жиндего цолъизавула, живго гьев чигун цолъула. Гьес нилъее кьураб РухІ нилъелъ букІин бихьунин нилъеда лъалеб гьев нилъгун цолъун вугевлъи.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Аллагьасдасан бачІараб рухІ жиндилъ бугин абуравщинав чиясда божуге, хириял. Гьезул хІалбихье, Аллагьасдасанищ гьел ругелали лъазе. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъун ругелъул гьаб дуниялалда.</verse>
				<verse number="2">Аллагьасдасан гьеб рухІ букІин гьадин лъазе кІола: инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІин ритІухъ гьабулевщинасулъ буго Аллагьасдасан бачІараб рухІ.</verse>
				<verse number="3">ГІиса ритІухъ гьавуларевщинав чиясулъ бугеб рухІ Аллагьасдасан бачІараб гуро. Гьеб буго Тажалидасан бачІине бугилан нужеда рагІун букІараб ва гьанже дуниялалде бачІун бугеб рухІ.</verse>
				<verse number="4">Нуж Аллагьасулал руго, дир лъимал, ва нуж гьел рухІаздаса бергьана. Нужелъ бугеб рухІ гІемерго къудратаб бугелъул гьаб дуниялалъул гІадамазулъ бугеб рухІалдаса.</verse>
				<verse number="5">Гьел гьаб дуниялалъул гІадамал руго, гьез бицунебщинабги гьаб дуниялалъул гІадамазулаб буго, гьединлъидал гІаламги гьезухъ гІенеккула.</verse>
				<verse number="6">Нилъ Аллагьасулал руго, Аллагь лъалевав нилъехъ гІенеккула, Аллагьасулав гурев нилъехъ гІенеккуларо. Гьелдалъун батІа гьабизе лъала хІакъикъияб рухІги гьересияб рухІги.</verse>
				<verse number="7">Цоцазе рокьа, хириял, рокьи Аллагьасдасан бачІараб буго, рокьи рекІелъ бугевщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго, ва гьесда Аллагьги лъала.</verse>
				<verse number="8">Рокьи рекІелъ гьечІесда Аллагь лъаларо, Аллагьги рокьи кколелъул.</verse>
				<verse number="9">Аллагьасул нилъеде бугеб рокьи гьадин загьирлъана: гьес жиндирго цохІого вугев Вас дуниялалде витІана гьесдалъун нилъеца гІумру гьабизе.</verse>
				<verse number="10">Гьеле гьелъулъ буго рокьи — Аллагь нилъее вокьиялъулъ гуреб, гьесие нилъ рокьиялъулъ ва нилъер мунагьал чуризе къурбанлъун гьес жиндирго Вас витІиялъулъги.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасе нилъ гьедин рокьулел ругеб мехалда, нилъ цоцазеги рокьизе ккола, хириял.</verse>
				<verse number="12">Аллагь лъиданиги киданиги вихьичІо, амма нилъ цоцазе рокьани, Аллагь нилъелъ хутІула ва гьесдасан бачІараб рокьиги нилъелъ камиллъула.</verse>
				<verse number="13">Нилъ гьесулъ хутІиги ва гьев нилъелъ хутІиги нилъеда лъала гьес жиндасанго нилъехъе РухІ битІун бачІиналдалъун.</verse>
				<verse number="14">ГІалам хвасар гьабизе бокьун, жиндирго Вас Инсуца витІаравлъи нижеда бихьана ва нижеца гьелъие нугІлъиги гьабула.</verse>
				<verse number="15">ГІиса Аллагьасул Вас вукІин ритІухъ гьабулев чиясулъ Аллагь хутІула ва Аллагьасулъ гьевги хутІула.</verse>
				<verse number="16">Нилъеда лъалеб буго Аллагьасе нилъ рокьулеллъи ва гьелда божаралги руго нилъ. Аллагьги рокьи ккола, рокьи рекІелъ хутІулев чи Аллагьасулъги хутІула, ва гьесулъ Аллагьги хутІула.</verse>
				<verse number="17">Гьедин нилъеда гьоркьоб рокьи камиллъана, къиямасеб къоялдаса хІинкъичІого рукІине. Гьаб дуниялалда нилъги МасихІида релълъун ругелъулха!</verse>
				<verse number="18">Рокьи бугелъуб хІинкъи букІунаро, камилаб рокьиялъ хІинкъи къватІибе гъола, щайгурелъул гІадамал хІинкъулеб жо тамихІ бугелъул. ХІинкъарасулъ рокьи камиллъуларо.</verse>
				<verse number="19">Нилъее Аллагь вокьула, тІоцерего гьесие нилъ рокьидал.</verse>
				<verse number="20">Дие Аллагь вокьулинги абун, жиндирго вац рихарав чи гьерсихъан вуго. Жиндаго вихьулев вац вокьуларев чиясе вихьуларев Аллагь вокьизе рес гьечІелъул.</verse>
				<verse number="21">Нилъее МасихІидасан амру буго Аллагь вокьулесе гІадамалги рокьизе кколилан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">ГІиса МасихІлъун вукІиналда божаравщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго. Жинца гьавурав вокьулевщинасе жив гьавуравги вокьула.</verse>
				<verse number="2">Нилъее Аллагь вокьиялдалъунги ва гьесул амраби тІуразариялдалъунги лъала Аллагьасул лъималазде нилъер рокьи.</verse>
				<verse number="3">Аллагьасде рокьи кколелъулха гьесул амраби нилъеца тІуразари. Гьесул амраби захІматал гьечІо.</verse>
				<verse number="4">Аллагьасдасан лъугьаравщинав дуниялалдаса бергьуна! Дуниялалда тІад босараб бергьенлъи — гьеб ккола нилъер божи-иман.</verse>
				<verse number="5">ГІиса Аллагьасул Вас вукІиналда божарав чиясда гурони, цоги лъидаха кІвелеб дуниялалда тІад бергьенлъи босизе!</verse>
				<verse number="6">ГІиса МасихІин вачІарав лъимгун ва бигун, цохІо лъимгун гурев, лъимгун ва бигун вачІана гьев. Гьелъие РухІалъ нугІлъи гьабула, РухІ хІакъаб бугелъул.</verse>
				<verse number="7">Лъабго нугІги бугелъул:</verse>
				<verse number="8">РухІги, лъимги, биги. Гьеб лъабабгоги цойихъан руго.</verse>
				<verse number="9">ГІадамазул нугІлъицин нилъее гІолеб бугеб мехалда, Аллагьасул нугІлъи дагьабги кІудияб буго. Аллагьасул нугІлъиялъул магІна ккола жиндирго Васасул хІакъалъулъ гьес жинцаго нугІлъи гьабулеб букІин.</verse>
				<verse number="10">Аллагьасул Васасда божулесулъ жиндилъго буго гьеб нугІлъи. Аллагьасда божуларев чияс Аллагь гьереси гьавулев вуго, жиндирго Васасул хІакъалъулъ Аллагьас гьабураб нугІлъиялда гьев божичІелъул.</verse>
				<verse number="11">Аллагьас нилъее кьураб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъги буго гьеб нугІлъи. Гьесул Васасулъин гьеб гІумру бугеб.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасул Васгун цолъарав чиясе гІумру буго, гьевгун цолъичІесе гІумру гьечІо.</verse>
				<verse number="13">Аллагьасул Васасда божулел нужехъе дица гьаб хъвана нужее абадияб гІумру насиблъун бугеблъи лъан букІине.</verse>
				<verse number="14">Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула.</verse>
				<verse number="15">Нилъеца гьарарабщинаб гьесда рагІулеб букІин нилъеда лъани, нилъеда лъала гьарарабщинаб гьесдасан щвезе букІинги.</verse>
				<verse number="16">Хвалде рачунеб хутІун, цогидаб мунагь вацас гьабулеб бихьани, гьесул рахъалъ дугІа гьабе, ва Аллагьас гьесие абадияб гІумру кьела. (Хвалде рачунебги буго мунагь; гьелъул рахъалъ дугІа гьабиялъул гуро дица бицунеб бугеб.</verse>
				<verse number="17">Кинабго квешлъи гьаби мунагь ккола, амма хвалде рачунареб мунагьги букІуна.)</verse>
				<verse number="18">Аллагьасдасан лъугьарас мунагь гьабулареблъи лъала нилъеда, Аллагьасул васас гьев цІунулелъул! Илбисалдаги кІоларо гьесда хъатІизе.</verse>
				<verse number="19">Нилъеда лъала нилъ Аллагьасдасан лъугьун ругеллъи ва тІолабго дуниялги илбисалъул кверщаликь бугеблъи.</verse>
				<verse number="20">Нилъеда лъала вачІун Аллагьасул Васас нилъее ХІакъав лъазе гІакълу кьураблъиги. Нилъги руго ХІакъавгун ва гьесул Вас ГІиса МасихІгун цолъун. Гьев вуго хІакъав Аллагь ва абадияб гІумру.</verse>
				<verse number="21">Гьересиаллагьзабаздаса цІуне, дир лъимал, нужго!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="63">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Иман лъуразул агьлуялъул бетІерасдасан — тІаса йищарай бикаде ва гьелъул лъималазде, дие жал хІакълъунго рокьулел, дие гурелги, хІакъабщинаб лъалел киназегоги рокьулел.</verse>
				<verse number="2">Гьеб хІакъабщинаб нилъелъ буго ва гьеб абадиялъго нилъгун хутІизеги буго.</verse>
				<verse number="3">Эмен — Аллагьасул ва Инсул Вас ГІиса МасихІилги баркатги, цІобги, саламги лъеги нилъеда ва хІакъабщинабги рокьиги нилъгун хутІаги.</verse>
				<verse number="4">Дун цІакъ вохана дур цо-цо лъимал Инсул амруялда рекъон хІакъабщинабгун хьвадулел ратидал.</verse>
				<verse number="5">Гьанже дун дуе цІияб амру хъвалев гьечІо, хирияй бика. Амма дица дуда гьарулеб буго нилъ цоцазе рокьейилан авалалдасанго букІараб амру тІубазабеян.</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул амруязда рекъон хьвадулел руго нилъ — гьеле гьелъулъ буго гьеб рокьиги. Авалалдасанго нужеда лъазабун букІараб амруялъ абулеб буго нуж цоцазде рокьигун хьвадейилан.</verse>
				<verse number="7">Инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІинчІилан абулел гІемерал гьерсихъаби рачІун руго дуниялалде. Гьедин абурав чи ккола гьерсихъанги МасихІил тушманги.</verse>
				<verse number="8">Воре, нужеца захІмат баччарабщинаб билизе-тІагІине биччаге, нужеего щвезе кколеб кири дагьлъизе гурин.</verse>
				<verse number="9">МасихІил насихІаталъ жанибе бачаралдаса къватІивехун лъугьуневщинав чи Аллагьасде цолъуларо. Гьенив жанив чІаравщинав чи Эменгун цолъула, Васгунги цолъула.</verse>
				<verse number="10">Гьединаб насихІат гьабуларев чиясе гьоболлъиги гьабуге нужеца ва нужерго къавулъе къазеги виччаге.</verse>
				<verse number="11">Гьев къавулъе виччаравщинавги ккола гьесул квешал ишазул гІахьалчи.</verse>
				<verse number="12">Нужехъе хъвазе жо гІемер букІаниги, гьанже кагъатги щакъиги нахъе лъезе хиял ккана дир. Дир хьул буго нужехъе вачІине ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе. Гьелдалъун нилъер рохелги гьарзалъила.</verse>
				<verse number="13">Аллагьас тІаса йищарай дур яцалъул лъималазулги буго дуде салам.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="64">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">Иман лъуразул агьлуялъул бетІерасдасан — хІакълъунго дие вокьулев дир хирияв Гайиде.</verse>
				<verse number="2">Дица Аллагьасда гьарулеб буго, дир хирияв, дур рухІ лъикІ бугеб гІадин, сундулъго мун лъикІ тагийилан ва дуе сахлъи кьегийилан.</verse>
				<verse number="3">ХІакъабщиналъе мун ритІухъго чІун вугилан ва хІакъабщинабгун хьвадулевги вугилан гьанире рачІарал вацаз бициндал, дун цІакъ вохана.</verse>
				<verse number="4">Дир лъимал хІакъабщинабгун хьвадулел ругилан рагІиялдаса кІудияб рохел гьечІо дие.</verse>
				<verse number="5">Вацазе ва хасго нухлулазе дуца квербакъулеб букІиналъулъ буго, дир хирияв, дур ритІухълъи.</verse>
				<verse number="6">Иман лъуразул агьлуялъе гьез нугІлъи гьабуна жалги дуе рокьулилан. Аллагь разилъулеб хІалалда дуца гьел нухда регІани, дур лъикІаб иш букІина гьеб.</verse>
				<verse number="7">Иман лъечІезухъа щибниги босичІого, МасихІил цІаралъе гІоло нухда рахъун ругелъулха гьел.</verse>
				<verse number="8">Гьединлъидал гьединал гІадамазда квер чІвазе ккола нилъеца, гьелгун цадахъ лъугьун хІакъабщиналъе гІоло хІалтІизе.</verse>
				<verse number="9">Дица иман лъуразул агьлуялъухъе хъван букІана гьелъул хІакъалъулъ, амма гьениб цевехъанлъи бокьулев Диотрефица ниж рикІкІунел гьечІо.</verse>
				<verse number="10">Гьединлъидал, дун гьениве вачІани, дица загьир гьабила нижеда гьес лъун букІараб бугьтан. Ва гьеб гІечІелъубе, гьес жинцагоги инкар гьабулеб буго нухда ругел вацал къабул гьаризе, къабул гьаризе бокьараздаги биччалеб гьечІо ва иман лъуразул агьлуялда гьоркьоса гьел нахъе гъолел руго.</verse>
				<verse number="11">Дир хирияв, квешлъиялдаса гуреб, лъикІлъиялдаса босе мисал. ЛъикІлъи гьабулевав ккола Аллагьасдасан лъугьарав, квешлъи гьабурасдаги Аллагь вихьичІо.</verse>
				<verse number="12">Деметрийил хІакъалъулъ киназго нугІлъи гьабуна, хІакъабщиналъгицин гьабуна гьесул хІакъалъулъ нугІлъи. Нижецаги гьабулеб буго гьеб нугІлъи, дудаго лъалаха нижер нугІлъи ритІухъаб букІунеблъи.</verse>
				<verse number="13">Духъе хъвазе жони гІемер бугоан, амма щакъи-къаламалъ хъваралда гІей гьабизе бокьун гьечІо.</verse>
				<verse number="14">Дир хьул буго кватІичІого мун вихьизе ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе. [15] Вассалам. ЦІар-цІарккун рехсечІониги, гьудулзабазулги буго дуде салам.</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="65">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">ГІиса МасихІил лагъ ва Якъубил вац Ягьудал рахъалдасан Аллагьас тІаса рищаразде, Эмен — Аллагьасе рокьулезде ва ГІиса МасихІица цІунун ругезде салам.</verse>
				<verse number="2">Рекъелги, рокьиги ва Аллагьасул цІобги цІикІкІаги нужее.</verse>
				<verse number="3">Дица хІаракат бахъана, дир хириял, нилъее насиблъараб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ хъвазе. Гьаб кагъат хъвачІого рес букІинчІо, цохІо нухалъ Аллагьасул халкъалъе кьураб дин цІунун цІидасан къеркьейилан гьаризе кколеб бугелъул.</verse>
				<verse number="4">Аллагьас суд гьабизе жидее къадар бугел цо-цо мунапикъзаби рорчІун руго нилъеда гьоркьоре. Аллагьас цІоб лъеялъул Рохалил хабар гьез хисизабулеб буго, жидерго пасалъи ритІухъ гьабизе. Гьез инкар гьабулеб буго ГІиса МасихІидаса — цохІо вугев нилъер ТІадегІанав ПарччахІасдаса.</verse>
				<verse number="5">Нужеда гьеб кинабго лъалеб бугониги, дие бокьун буго нужеда ракІалде щвезабизе Мисриялда букІараб ГІизраилалъул халкъ Аллагьас цо нухалъ хвасар гьабунин. Цинги жинда божичІелщинал хвезарула гьес.</verse>
				<verse number="6">Жидее цІан букІараб хІуччдаса церехун арал ва жалго руссараб бакІги рехун тарал малаикзаби гьес абадиял рахсаца рухьун гъора бецІлъуда чІезарун руго, гьезие суд гьабулеб кІудияб къо бачІинегІан.</verse>
				<verse number="7">Нужеца ракІалде щвезабе Содомги Гоморраги ва гьезда сверухъ рукІарал шагьаралги: гьезги хъахІбалъи гьабуна, гІадаталдаса бахъараб къагІидаялъ цогидаб хъублъиги гьабуна. Цогидазеги дарслъун букІине, гьезие тамихІлъун лъугьана абадияб цІа.</verse>
				<verse number="8">Доздаго релълъун гьел мунапикъзабазги жалго хъублъизарулел руго, гьелъие изну Аллагьасдасан рещтІаниланги абун. Аллагьасул амруги рикІкІунеб гьечІо гьез, малаикзабиги какулел руго.</verse>
				<verse number="9">ТІадегІанав малаик МикагІилги илбисги Муса аварагасул жаназа сабаблъун дагІбадизе ккараб мехалъ, илбисалда гІайиб чІван квешаб рагІи абичІо гьес, «БетІергьанас чІезабилин мунилан» гурони.</verse>
				<verse number="10">Гьел гІадамазин абуни жидедаго бичІчІулареб-лъалареб жо какулеб буго. МацІ лъалареб хІайваналъул гІадаб гІакълуялдалъун жидедаго бичІчІулеб бугелъ ахирги хвалде рачина гьел.</verse>
				<verse number="11">Балагьги гІазабги гьезие! Къабилил нухдасан унел руго гьел. Жидерго хъантІиялъ БилгІамил гъалатІалда нахърилълъунел руго. КъорахІил гІадинаб питнаялъ хвезарулел руго.</verse>
				<verse number="12">Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.</verse>
				<verse number="13">Гьел релълъуна гьалаглъараб ралъдада жидер инжитлъиялъул полоп тІад барал карачалабазда, абадияб бецІлъуде рехизе хІукму жидее хІадурун бугел, низам гьечІого хьвадулел цІвабзазда.</verse>
				<verse number="14">Адамил анкьабилеб кьералдасан вахъарав Энохица цебеккунго гьезул хІакъалъулъин бицунеб букІараб: «Гьале, БетІергьан вачІунев вуго аза-азар малаикзабигун цадахъ</verse>
				<verse number="15">киназего суд гьабизе. ВачІунев вуго Аллагьасде гІасилъун гьез гьарурал киналго гІасиял ишазухъ ва дандечІун абурал киналго гІасиял рагІабазухъ гьезул щивав чиясе тамихІ гьабизе».</verse>
				<verse number="16">Цогидал какун кидаго зигардулел рукІуна гьел, чорхол гьаваялъ малъухъе хьвадула, гІадамазда цере чІухІдарула ва, жидерго мурадалде щвезе, бадибе рецц гьабула.</verse>
				<verse number="17">Нужеца, дир хириял, ракІалде щвезабе хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил чапарзабаз щиб бицунеб букІарабали.</verse>
				<verse number="18">Гьез нужеда абулеб букІинчІищ ахирзаманалда рахъине ругин намус гьечІел ва Аллагьасде гІасиял жидерго къасдазда хадур унел гІадамал?</verse>
				<verse number="19">Гьел руго жидеца рикьи ккезабулел, мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел ва Илагьияб РухІ жиделъ гьечІел гІадамал.</verse>
				<verse number="20">Нуж, дир хириял, щулаго чІа, нилъер бацІцІадаб динги цІунун. Илагьияб РухІалдалъун гьари-дугІа гьабе.</verse>
				<verse number="21">Аллагьасе рокьулел рукІинги лъан, цІуне нужго. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІиналъухъ ралагьун чІа, жиндирго цІобалдалъун гьес нужее абадияб гІумру кьела.</verse>
				<verse number="22">Васвасалда ругездаги гурхІа нуж.</verse>
				<verse number="23">Цоял жужахІалъул цІадудаса хвасар гьаризе ккела нужеца. Цогидазда гурхІизе ккела, амма мунагьаз хъублъизабураб гьезул ратІлида хъвазегицин Аллагьасукьа хІинкъа нуж!</verse>
				<verse number="24">Жиндирго къудрат загьир гьабулеб заманалда къосиналдасаги хъублъиялдасаги цІунун, нуж рохизаризе кІолев</verse>
				<verse number="25">ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьарулев Цо вугев Аллагьасе рецц! Гьесул къуватги хІалкІолъиги кІудияб буго цебеги, гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин!</verse>
			</chapter>
		</book>
		<book number="66">
			<chapter number="1">
				<verse number="1">КватІичІого ккезе бугелъул хІакъалъулъ жиндирго лагъзадерида лъазабизе Аллагьас ГІиса МасихІидалъун загьир гьарурал ишазул бицунеб буго гьаб тІехьалда. Гьесги гьел ишал, малаикги витІун, жиндирго лагъ Иоанниеги загьир гьаруна.</verse>
				<verse number="2">Иоанница нугІлъи гьабула жиндаго бихьанщиналъе — Аллагьасул рагІиялъе ва МасихІ ГІисаца загьир гьабурабщиналъеги.</verse>
				<verse number="3">Гьардарал гурелдай Аллагьасдасан рещтІараб гьеб калам рагІун цІаларавги, гьелъухъ гІенеккаралги, жидеца гьеб каламалъул амруял тІуразаруралги. Гьаб тІехьалда бицунеб бугебщинаб лъугьине заман щолеб бугелъулха!</verse>
				<verse number="4">Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул</verse>
				<verse number="5">ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна,</verse>
				<verse number="6">жиндирго Инсул — Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахІлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хІалкІолъиги къудратги! Амин.</verse>
				<verse number="7">Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.</verse>
				<verse number="8">Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас — Къудратав БетІергьанас.</verse>
				<verse number="9">Дун вуго, ГІисадехун цолъун, нужеда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахІлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагІи тІибитІизабуралъухъ ва ГІиса МасихІие нугІлъи гьабуралъухъ тамихІалъе дун витІана Патмос абулеб чІинкІиллъиялде.</verse>
				<verse number="10">ТІадегІанасул къоялъ Илагьияб РухІалъ асар гьабуна дие — мугъзада нахъасан ахІулеб рагІана:</verse>
				<verse number="11">«Дуда бихьулеб бугеб жо тІанчазда хъвай ва иман лъуразул анкьабго жамагІаталде: Эфесалде, Смирнаялде, Пергамалде, Тиатираялде, Сардисалде, Филадельфиялде ва Лаодикеялде битІе».</verse>
				<verse number="12">Дун нахъехун вуссана, дида рагІулеб бугеб гьаракь лъилали лъазе. Нахъехун вуссиндал, дида бихьана анкьго меседил чирахъ.</verse>
				<verse number="13">Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан ГІадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тІад букІана хІатІазде щвараб гІаба ва карандасан борчун букІана меседил рачел.</verse>
				<verse number="14">Квас кинигин хъахІаб букІана гьесул ботІрол рас. Бералги цІалъун кенчІолел рукІана.</verse>
				<verse number="15">ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги.</verse>
				<verse number="16">Гьесул кваранаб хъатикь букІана анкьго цІва. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъунаан кІибалаб ва рекІараб хвалченалда. Къалъул гІужалда бакъ гІадин гвангъун букІана гьесул гьумерги.</verse>
				<verse number="17">Хварав чи гІадин, гьесул хІатІазда цеве гІодов ккана дун, гьесда бер чІварабго. Кваранаб кверги дида тІад лъун, гьес абуна: «Мун хІинкъуге. Дун тІоцевесевги ахирисевги вуго.</verse>
				<verse number="18">Дун чІагояв вуго. Хун вукІарав дун гьале абадул абадиялъего чІаголъун вуго. Дихъ буго хвалилги хварал ругеб бакІалъулги кІул.</verse>
				<verse number="19">Дуда бихьизабурабщинаб — гьанже ккарабги ва хадуб ккезе бугебги — хъвай дуца.</verse>
				<verse number="20">Дир кваранаб хъатикь дуда бихьулеб анкьго цІваялъулги анкьго меседил чирахъалъулги балъголъи гьадинаб буго: анкьго цІва ккола иман лъуразул анкьабго жамагІаталда вугев чапар, анкьго чирахъги ккола гьеб анкьабго жамагІат».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="2">
				<verse number="1">Эфесалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Анкьго цІва кваранаб хъатикь ккурас, анкьго меседил чирахъалда гьоркьосан хьвадулев вугес гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="2">Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана.</verse>
				<verse number="3">Дуца сабру гьабула, дир цІар сабаблъун гІемераб къо хІехьана дуца, амма гьелъ дур тату хвезабичІо.</verse>
				<verse number="4">Цо бадибчІвайги бугебха дуе гьабизе. Доб цебе букІараб рокьи дур рекІелъ хутІун гьечІо.</verse>
				<verse number="5">Гьединлъидал ракІалде щвезабе гІодове вортизегІан мун кинаб борхалъиялда вукІаравали. Тавбу гьабе дуца. Дол тІоцере гьарулел рукІарал ишалги гьаре. Дуца гьедин гьабичІони, вачІун гьенивегун, бугеб бакІалдаса добегІан хъурщизабила дица дур чирахъ, — дуца тавбу гьабизегІан.</verse>
				<verse number="6">Амма дулъ цо лъикІлъиги буго — дуе рокьуларо николаитазул ишал, диеги гьел цІакъ рихарал руго.</verse>
				<verse number="7">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе дица Аллагьасул алжаналъуб бугеб гъотІодаса пихъ кьела».</verse>
				<verse number="8">Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «ТІоцевесес ва ахирисес, хун вукІун чІаголъарас гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="9">Дида лъала дуе бугеб гІакъуба-къварилъиги, дур мискинлъи-язихълъиги, — хІакъикъаталда мун бечедав вугевха. Дида лъала Аллагьасул халкъин жидедаго абулезул мацІги бугьтанги, — амма гьеб Аллагьасул халкъ гуро, илбисалъул агьлу буго.</verse>
				<verse number="10">Дуца хІехьезе ккезе бугелдаса хІинкъуге мун. Гьале илбисалъ, нужер хІалбихьизе, цо-цо чи туснахъалде рехила. АнцІго къоялъ букІина нужее гьеб къварилъи. Холев вугониги, божи-иман рехун течІони, дуе шапакъатлъун абадияб гІумру кьела дица.</verse>
				<verse number="11">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе кІиабилеб хвалица щибго зарал гьабиларо».</verse>
				<verse number="12">Пергамалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «КІибалаб ва рекІараб хвалчен бугес гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="13">Кинаб бакІалда мун вугевали лъала дида, илбисалъ жиндирго тах лъураб бакІалда вуго мун. Амма дир цІар цІакъ лъикІ цІунулеб буго дуца. Нужер гьенив — илбисалъул чІей бугеб бакІалда — дие нугІлъи гьабурав, дир цІакъго божарав чи Антипа чІвараб мехалдагицин, дида божун, дидаса инкар гьабичІо дуца.</verse>
				<verse number="14">Дуе бадирчІваял гьаризе кколел ишалги ругелха. Дуца аскІоре риччалел руго БилгІамил дин босарал гІадамал. Исраилил халкъ къосинабизе бокьун, гьев БилгІамицайин Балакида малъун букІараб гьересиаллагьзабазе гІоло къурбаналъе кьураб жо кваназе ва хъахІбалъи гьабизе.</verse>
				<verse number="15">Дур гьенир руго николаитазул дин ккурал гІадамалги.</verse>
				<verse number="16">Гьединлъидал тавбу гьабе. Тавбу гьабичІони, кватІичІого дун духъе вачІина ва дирго кІалзул хвалчаца вагъила гьелгун.</verse>
				<verse number="17">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе балъгояб нигІмат кьела дица, хъахІаб гамачІги кьела. Гьеб ганчІида хъван букІуна, жиндие щварав чиясда гурони, лъиданиги лъалареб цІияб цІар».</verse>
				<verse number="18">Тиатираялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул Васас — цІа гІадин берал кенчІолел ругес ва цІадаб биунеб мазгаралда релълъарал хІатІал ругес — гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="19">Дида лъала дур ишалги, рокьиги, божи-иманги, тІагІат-гІибадатги, дур сабруги, дол тІоцере рукІараздаса дур ишал гьанже цІикІкІун ругеллъиги лъала.</verse>
				<verse number="20">Дуе бадибчІвай гьабизе жоги бугебха. Аллагьасул балъголъи загьир гьабизе лъалилан чІарай Иезабел абулей гІаданалъ дир лагъзал гуккизе риччалел руго дуца. ХъахІбалъи гьабизе ва гьересиаллагьзабазе къурбаналъе кьураб жо кваназе малъулеб буго гьелъ гьезда.</verse>
				<verse number="21">Тавбу гьабизе заман кьун букІана дица гьелъие. Амма гьелъие бокьичІо жиндирго хъублъи рехун тезе.</verse>
				<verse number="22">Балагьея, хъубал ишалги рехун тун, тавбу гьабизегІан, дица гьей унтул бусаде рехила, гьелда цадахъ къосун рукІараздеги балагь рещтІинабила.</verse>
				<verse number="23">Гьелъул лъималаздеги хвел тІаде тІамила дица. Гьебмехалда киналго жамагІатазда лъала тІул-ракІалда бугебщинабгицин бихьулев чи дун вукІин. Нужер щивасул ишазда рекъон кьела дицаги щивав чиясе.</verse>
				<verse number="24">Божи-имангун Тиатираялда хутІарал нужеца дозул дин босичІо ва илбисалъул балъголъийилан доз абулеб жоялъулги хІалбихьичІо. Нужер мугъзада цІияб гьир баччизабиларо дица.</verse>
				<verse number="25">Амма нужехъ бугебаб щулаго ккве, дун гьениве вачІинегІан.</verse>
				<verse number="26">Дие гІоло ахиралде щвезегІан захІмат баччун бергьарасе дица кьела халкъазда тІад кверщел.</verse>
				<verse number="27">Инсухъа дие кверщел щвараб гІадин, гьесухъеги щвела, маххул тІилица цере къотІун, гьел рехъаде рачине ва, щагІил хъуби кинигин, гъуризе кверщел.</verse>
				<verse number="28">Ва дица гьесие кьела рогьалил цІва.</verse>
				<verse number="29">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="3">
				<verse number="1">Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун.</verse>
				<verse number="2">Макьидаса вигьа ва дулъ хвечІого хутІараб, амма кватІичІого хвезе бугебщинаб щулалъизабе — дур ишал щвалде щвараллъун рихьулел гьечІо дир Аллагьасда.</verse>
				<verse number="3">ХІасил, духъе щварабги ва дуда рагІарабги ракІалде щвезабе, гьеб цІуне ва кантІе. Мун вигьинчІони, цІогьор гІадин вачІина дун, ва дуда лъазе гьечІо дун кида духъе вачІиневали.</verse>
				<verse number="4">Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул.</verse>
				<verse number="5">Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе.</verse>
				<verse number="6">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».</verse>
				<verse number="7">Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="8">Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо.</verse>
				<verse number="9">Балагьея, дица духъе кьела илбисалъул агьлуялда гьоркьоса цо-цо чагІи. Гьез абула жал ругин Аллагьасул халкъ, (амма гьел Аллагьасул халкъ гуро, гьерсихъаби руго). РачІун дур хІатІазда цере накабазда чІезе тІамила дица гьел, ва гьебмехалда лъала гьезда мун дие вокьулевлъи.</verse>
				<verse number="10">Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, — ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ.</verse>
				<verse number="11">Дун кватІичІого вачІина. Дуе щвараб шапакъат вачІун лъицаниги бахъичІого хутІизе, духъго бугеб щулаго ккве.</verse>
				<verse number="12">Бергьаравги дица гьавила дирго Аллагьасул кІалгІаялъул хІубилъун. Гьев тІокІав киданиги гьениса къватІиве лъугьинаро. Дица гьеб хІобода хъвала дирго Аллагьасул цІар, дирго Аллагьасул шагьаралъул — дир Аллагьасдасан зодисан рещтІине бугеб цІияб Иерусалималъул — цІар ва дирго цІияб цІарги.</verse>
				<verse number="13">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».</verse>
				<verse number="14">Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жинда божизе бегьулес, РитІухъав ва ХІакъав нугІас, Аллагьас бижанщиналъул аваллъун вугес гьадин абулеб буго:</verse>
				<verse number="15">Дида лъала дур ишал. Дулъ я бухІи гуро, я цІорой гуро. Дулъ бухІиниги цІоройниги букІарабаниха!</verse>
				<verse number="16">Хинлъи гурони, дулъ я бухІи, я цІорой гьечІелъул, дица мун дирго кІалдиса къватІиве тун рехила.</verse>
				<verse number="17">Дуца абулеб буго мун бечедго вугин, цІакъго ресалда вугин ва сундениги хІажалъунги гьечІин. Дуда бичІчІулеб гьечІо мун талихІ къосарав, хІакъирав, пакъирав, бецав ва гІицІав чи вукІин.</verse>
				<verse number="18">Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед — мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел — дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин — дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда.</verse>
				<verse number="19">Диего рокьулезда гІайибги чІвала дица, тамихІги гьабула. Гьединлъидал дуца хІаракат бахъе ва тавбу гьабе.</verse>
				<verse number="20">Гьале нуцІихъе вачІун вуго дун, заруца бухулеб буго дица гьеб! Дир гьаракь рагІун нуцІа рагьарасухъе гьоболлъухъ ина. Цинги цадахъ гІодор чІун дунги гьевги квана-гьекъела!</verse>
				<verse number="21">Дун бергьиндал дир Инсуца дунги жиндирго тахида тІад гІодов чІезавурав гІадин, дицаги бергьарав дидаго аскІов дирго тахида гІодов чІезавила.</verse>
				<verse number="22">ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="4">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб дун вала-гъалагьана. Гьале зобалазда буго рагьараб нуцІа. Трубаялъул гІадаб кутакаб, доб дида кІалъалеб рагІараб гьаракьалъ абуна: «Гьаниве тІаде ваха, дица дуда бихьизабила хадуб щиб ккезе бугебали».</verse>
				<verse number="2">Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги.</verse>
				<verse number="3">ГІодов чІарасул гьумер гвангъун букІана яшмаялда ва сардисалда релълъун, гьесул тахалда тІад чІун букІана изумрудалъулкьераб нур.</verse>
				<verse number="4">Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж.</verse>
				<verse number="5">Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ — Аллагьасул анкьго кІудияв малаик.</verse>
				<verse number="6">Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи.</verse>
				<verse number="7">ТІоцебесеб рухІчІаголъи гъалбацІалда релълъараб букІана. КІиабилеб — оцода релълъараб букІана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гІадинаб букІана. Ункъабилеб релълъун букІана боржун унеб цІудуда.</verse>
				<verse number="8">Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!»</verse>
				<verse number="9">Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда</verse>
				<verse number="10">къоло ункъавго хІаким кІалагъоркье речІчІула тахида гІодов чІарасда цере ва абадул абадиялъ чІагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула:</verse>
				<verse number="11">«Мун нижер БетІергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахІикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хІалкІояв вугилан абизеги».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="5">
				<verse number="1">Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда.</verse>
				<verse number="2">Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кІудияб гьаркьидалъун гьес ахІулеб букІана: «ТІад чІвараб анкьабго мугьруги тІезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахІикъав вугев?»</verse>
				<verse number="3">Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кІвечІо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе.</verse>
				<verse number="4">Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахІикъав чи цониги ватичІелъул, дун гІемерав гІодана.</verse>
				<verse number="5">Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе».</verse>
				<verse number="6">Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги — Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик.</verse>
				<verse number="7">БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа.</verse>
				<verse number="8">Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна — Аллагьасул халкъалъул дугІа.)</verse>
				<verse number="9">Гьез цІияб кечІ ахІана: «Хъун букІиндал ва дурго бидухъ дуца щибаб наслуялъул, щибаб мацІалъул, щибаб халкъалъул ва щибаб миллаталъул гІадамал Аллагьасе ричун росидал, мун мустахІикъаб буго, босун гьеб кагътил мугьру тІезабизе.</verse>
				<verse number="10">Дуца гьел парччахІлъиялде рачана ва нилъер Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинаруна. Гьез ракьалда парччахІлъи гьабила».</verse>
				<verse number="11">Дун валагьана ва дида рагІана тахалда сверухъ ва рухІчІаголъабаздаги хІакимзабаздаги сверухъ ругел гІемерал малаикзабазул гьаркьал. РикІкІун хІалкІоларелгІан гІемер рукІана гьел.</verse>
				<verse number="12">КІудияб гьаркьидалъун гьез ахІулеб букІана: «Хъун букІараб гьаб КьегІер мустахІикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гІакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!»</verse>
				<verse number="13">Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухІ бугебщиналъ ахІулеб рагІана дида: «Тахида гІодов чІарасе ва КьагІрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!»</verse>
				<verse number="14">Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="6">
				<verse number="1">Дида бихьана КьагІрица доб анкьабго мугьруялъул цояб тІезабулеб. Доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ, цевегІан къан валагьеян, зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь гьабуна.</verse>
				<verse number="2">Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахІаб чу. Гьелда рекІарасухъ чІорбутІ буго. Гьесухъе таж кьун букІана ва, бергьиналда ракІчІарав чи кинигин, вачІунев вукІана гьев бергьенлъи босизе.</verse>
				<verse number="3">КьагІрица кІиабилеб мугьру тІезабуна. КІиабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян.</verse>
				<verse number="4">КъватІибе бачІана билбагІараб чу. Гьелда рекІарасе ихтияр кьун букІана, гІадамал цоцаца чІвазаризелъун, гьаб ракьалдаса рекъел лъугІизабизе. Гьесухъе кьун букІана кІудияб хвалчен.</verse>
				<verse number="5">КьагІрица лъабабилеб мугьру тІезабуна. Лъабабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чІегІераб чу. Гьелда рекІарасда кодор цІадираби руго.</verse>
				<verse number="6">Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа — цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги — цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге».</verse>
				<verse number="7">КьагІрица ункъабилеб мугьру тІезабуна. Ункъабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІанги къан валагьеян.</verse>
				<verse number="8">Дун валагьана. Гьале дида цебе буго канчІгІурччинаб чу. Гьелда рекІарасда цІар буго Хвел. Гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго ЖужахІ. Хвалчадалъун, ракъудалъун, вабаалдалъун ва ракьалда ругел жанавараздалъунги гІадамал хвезаризе, гьаб тІолабго ракьалъул ункъил бутІаялда тІад кверщел кьун буго гьеб кІиялъего.</verse>
				<verse number="9">КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал.</verse>
				<verse number="10">Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?»</verse>
				<verse number="11">Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, — нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин.</verse>
				<verse number="12">КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана.</verse>
				<verse number="13">Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана.</verse>
				<verse number="14">Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана.</verse>
				<verse number="15">Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана.</verse>
				<verse number="16">МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги.</verse>
				<verse number="17">«Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»</verse>
			</chapter>
			<chapter number="7">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб дида вихьана дуниялалъул ункъабго бокІнилъ чІарав ункъо малаик. Я ракьалде, я ралъдаде, яги цониги гъветІ-хералде пуйзе биччачІого, гьез ккун чІезабун букІана дуниялалъул ункъо гьури.</verse>
				<verse number="2">Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачІунев. ХІакъав Аллагьасул мугьру букІана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес:</verse>
				<verse number="3">«Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца».</verse>
				<verse number="4">Дида рагІана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чІван бугин абулеб:</verse>
				<verse number="5">Ягьудал наслуялдаса мугьру чІваразул анцІила кІиазарго чи вуго, Рубенил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Гадил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,</verse>
				<verse number="6">Ашерил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Нафталил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Менашил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,</verse>
				<verse number="7">ШимгІонил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Левийил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Иссахарил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,</verse>
				<verse number="8">Зебулонил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Юсупил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи ва Буняминил наслуялдасаги анцІила кІиазарго чи вуго мугьру чІваразда гьоркьов.</verse>
				<verse number="9">Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби.</verse>
				<verse number="10">Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!»</verse>
				<verse number="11">Киналго малаикзаби чІун рукІана тахалдаги, хІакимзабаздаги ва доб ункъабго рухІчІаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кІалагъоркье речІчІун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букІана.</verse>
				<verse number="12">Абулебги букІана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гІакъиллъиги, кІодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хІалкІолъиги! Амин!»</verse>
				<verse number="13">Дидехун вуссун цо хІакимас гьикъана: «Гьал хъахІал гІабаби ретІарал гІадамал щал кколел ва киса рачІарал чагІи гьел?»</verse>
				<verse number="14">Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» — ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби.</verse>
				<verse number="15">Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кІалгІаялъуб гьесие тІагІат-гІибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чІарас жиндирго чодрокье рачина гьел.</verse>
				<verse number="16">Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо.</verse>
				<verse number="17">Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="8">
				<verse number="1">КьагІрица анкьабилеб мугьру тІезабуна. Бащдаб сагІат гІанасеб заманалда зодиб сихІкъотІи лъугьана.</verse>
				<verse number="2">Дида вихьана Аллагьасда цеве чІарав анкьго малаик. Гьезул щивасухъе пуйзе кьун букІана цо-цо ссур.</verse>
				<verse number="3">ВачІун къурбан хъолеб бакІалда цеве кьеккен гьабизе, меседил щурунги хъатикь, ккун эхетана цоги малаик. ГІемераб махІгьуинаб нах кьун букІана гьесухъе, — кинабго Аллагьасул халкъалъ дугІаги гьабун, тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къаниде тІун, кьеккен гьабизе.</verse>
				<verse number="4">Малаикас бачІараб гьеб нахул лъугьараб кІкІуй, Аллагьасул халкъалъул дугІадул гьаракьгун цадахъ, гьев разилъизе зодибе ана.</verse>
				<verse number="5">Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана.</verse>
				<verse number="6">Анкьго ссур кодоб бугев анкьавго малаик ссуралъубе пуйзе къачІан чІана.</verse>
				<verse number="7">Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана.</verse>
				<verse number="8">Ва кІиабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва цІа рекІараб кІудияб мегІер гІадаб жо ралъдалъе бортун бачІана. Ва ралъдал лъабил бутІа биялде сверана.</verse>
				<verse number="9">Ва ралъдал рухІчІаголъабазул лъабил бутІа хвана, гумузул лъабил бутІаги щущан ана.</verse>
				<verse number="10">Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги.</verse>
				<verse number="11">Гьеб цІваялда цІар букІана «КьогІаб хер». Ва лъадал лъабил бутІа гьеб хер гІадин кьогІлъана, ва кьогІаб лъим гьекъон гІемерав чи хвана.</verse>
				<verse number="12">Ва ункъабилев малаикас ссуралъубе пуна — гьаргьадулаго ссун ана бакъул лъабил бутІа, ва моцІрол лъабил бутІа, ва цІвабзазул лъабил бутІа — кинабго канлъул лъабил бутІа. Къоялъул лъабил бутІа бецІлъун хутІана, гьединго сардил лъабил бутІаги бецІлъун хутІана.</verse>
				<verse number="13">Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»</verse>
			</chapter>
			<chapter number="9">
				<verse number="1">Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул.</verse>
				<verse number="2">Ва гьеб цІваялъ ричІана нуцІа. Ва кІудияб корохъа гІадинаб кІкІуй бачІана гъуялъуса къватІибе. Ва гьеб кІкІуялъ бакъги гьаваги бецІлъизабуна.</verse>
				<verse number="3">Ва кІкІуялда гъорлъан ракьалде бачІана ракъул гарцІазул кІудияб бо. Гьаб ракьалда ругел ичІкІалаз гІадин хечизе ихтияр кьун букІана гьезие.</verse>
				<verse number="4">Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян.</verse>
				<verse number="5">Гьел гарцІазе ихтияр кьун букІана гьел гІадамал чІвачІого тун, щуго моцІалъ гьезие гІазаб-гІакъуба гьабизе. ИчІкІалалъ хеч къазабидал инсанасе лъугьунеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба букІана гьеб.</verse>
				<verse number="6">Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила.</verse>
				<verse number="7">Рагъуе къачІарал чуязда релълъун рукІана гьел гарцІал. Меседил тажазда релълъарал жалги рукІана гьезул бутІрузда. Гьезул гьурмал инсанасулалда релълъарал рукІана.</verse>
				<verse number="8">Руччабазул гІадинаб расги букІана гьезул, гъалбацІалъул гІадинал гажалги рукІана.</verse>
				<verse number="9">Маххул гІадинал къолдабиги рукІана гьезда тІад, гьезул куркьбазул гьаракьги релълъунаан рагъде гІедегІун унел гІемерал чолгьаказул гьаракьалда.</verse>
				<verse number="10">ИчІкІалалъул гІадинаб рачІги букІана гарцІил, гьеб рачІалдасан хечги къазабулаан гьелъ. Гьел жидерго рачІаз гІадамазе щуго моцІалъ зарал гьабизе ихтияр кьун букІана гьезухъе.</verse>
				<verse number="11">Гьезул парччахІлъун букІана гьеб кІкІалалъул шайтІан; жугьутІ мацІалда гьелда цІар буго Абаддон, грек мацІалда — Аполлион («Хвел босун бачІунеб»).</verse>
				<verse number="12">Цо балагь тІаса ана. Гьале гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго жеги кІиго балагь.</verse>
				<verse number="13">Ва анлъабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида рагІана тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къанил ункъабго бокІнилъ рекъезабураб ункъо лълъаралъул гьаракь.</verse>
				<verse number="14">Ссур кодоб ккурав анлъабилев малаикасда гьеб гьаракьалъ абулеб букІана: «КІудияб Пурат гІурул рагІалда бухьун бугеб ункъо жен бичун биччай».</verse>
				<verse number="15">Ва гІадамазул лъабил бутІа хвезабизе гьел риччалеб заман — сагІат, къо, моцІ ва лъагІел — тІаде щвезегІан чІезабун букІараб гьеб ункъабго жен бичун биччана.</verse>
				<verse number="16">Ва дида бицана анцІазарго кІиго нухалъ анцІазарилъ кьабурабгІан къадаралда рекІаралги ругин гьезул бодулъ.</verse>
				<verse number="17">Гьедин балъголъи загьирлъун дида рихьана чуялги чуязда рекІарал рагъухъабиги. Гьезда рукІана цІабагІараб, бецІхъахІилаб ва чІабтІил гІадинаб тІогьилаб кьералъул къолдаби. ГъалбацІалъулазда релълъарал рукІана гьел чуязул бутІрул. Ва гьезул кІалдисан бурулеб букІана цІаги, кІкІуйги, чІабатІги.</verse>
				<verse number="18">Гьеб лъабабго балагь рещтІиналъ — гьезул кІалдисан бурулеб цІадуцаги, кІкІуйдуцаги, чІабтІицаги — гІадамазул лъабил бутІа гъурана.</verse>
				<verse number="19">Гьел чуязул къуват лъун букІана гьезул кІалдибги рачІалдаги, гьезул рачІалги рукІиндалха загьруял борхьал гІадинал. Гьез хІанчІиялдалъун кколаан гІадамазе зарал.</verse>
				<verse number="20">Жидеца гьабурабщиналда — жундузе гІибадат гьабиялда, ва меседил, гІарцул, мазгарул, ганчІил, цІулал гьарурал, жидеда я щибниги бихьуларел, я щибниги рагІуларел, я хьвадизе кІоларел гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабиялда — рекІекълъичІо гьел балагьал рещтІиндал хвечІого хутІарал цогидал гІадамал, ва кингоги тавбу гьабичІо гьез.</verse>
				<verse number="21">Я жидеца гІадамал чІваялда, я сихІру гьабиялда, я хъахІбалъи гьабиялда, яги цІогь гьабиялда рекІекълъичІо гьел, тавбуги гьабичІо гьез.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="10">
				<verse number="1">Цинги дида вихьана цогидав цІакъ кутакав малаик зобалаздасан рещтІунев; накІкІал рукІана гьесда тІад жемун, ботІрода тІад нурги чІун букІана, гьумер букІана бакъ гІадинаб, бохдул рукІана цІадул хІубал гІадинал.</verse>
				<verse number="2">Гьес рагьун хъатикь ккун букІана гьитІинабго тІехь. Кваранаб бох гьес ралъдада лъуна, квегІаб бох ракъдада лъуна.</verse>
				<verse number="3">ГъалбацІалъул гъулгъулиялда релълъараб кутакаб гьаракьалдалъун ахІдезе лъугьана гьев. Гьев ахІдолеб мехалда рагІана анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь.</verse>
				<verse number="4">Анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь рагІидал, гьеб хъвазейилан лъугьана дун. Амма зодисан ахІулеб рагІана: «Анкьго нухалда зоб гъугъаялдалъун дуда бицараб жо балъго те, гьеб хъваге дуца».</verse>
				<verse number="5">Ва ралъдадаги ракъдадаги чІун дида вихьарав малаикас жиндирго кваранаб квер зодобехун битІана.</verse>
				<verse number="6">Жив абадияв-даимасул, зобалги гьениб бугебщинабги, ракьги гьениб бугебщинабги, ралъадги гьениб бугебщинабги жинца бижарасул цІар рехсон гьев гьедана кватІичІого лъугІизе бугилан.</verse>
				<verse number="7">Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида — аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш.</verse>
				<verse number="8">Зодисан дида рагІун букІараб гьаракь гьанжеги дидехун кІалъана: «Ралъдадаги ракъдадаги чІарав малаикас рагьун хъатикь ккураб доб тІехь босизе а», — ян.</verse>
				<verse number="9">Малаикасда аскІове ун, дица гьесда абуна гьеб гьитІинаб тІехь дихъе кьейилан. Гьес дида абуна: «Босун кванай гьеб. Дур чохьониб гьеб кьогІлъила, амма дур кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІина»</verse>
				<verse number="10">Малаикасда кодоса босун, кванана гьеб гьитІинаб тІехь. Дир кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІана, амма чохьониб гьеб кьогІлъана.</verse>
				<verse number="11">Цинги дида абуна: «ГІемерал халкъазе, миллатазе, мацІазе ва парччахІзабазе хадубккун щиб лъугьине бугебали нахъе-нахъеги бицине ккезе буго дуца».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="11">
				<verse number="1">ГІансаялда релълъараб тІилги дихъе кьун, абуна: «Вахъа, дуца борце Аллагьасул кІалгІаги къурбан хъолеб бакІги, чан чияс гьениб гІибадат гьабурабалиги рикІкІе.</verse>
				<verse number="2">Аллагьасул кІалгІаялда сверун бугеб азбар дуца къватІиб те, гьеб борцунге, цогидал халкъазе кьун бугин гьеб. Гьез гьаб хирияб шагьар кІикъоялда кІиго моцІалъ мерхьина.</verse>
				<verse number="3">Дир кІиго нугІасе хІалкІолъи кьела дица, сугъуралъул ретІелги ретІун, гьез азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабизе».</verse>
				<verse number="4">Гьел чагІи ккола кІиго зайтуналъул гъветІлъунги ва зоб-ракьалъул БетІергьанасда цебе бугеб кІиго чирахълъунги.</verse>
				<verse number="5">Гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде ккарав чиясде гьезул кІалдисан цІа бурун бачІина ва гьеб цІадуца рухІила гьезул тушбаби. Гьеле гьедин хвезе вуго гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде кканщинав чи.</verse>
				<verse number="6">Гьев кІиясдаго кІвезе буго Аллагьасул рагІи гьез халкъалда лъазабулеб заманалда цІад бачІого букІиналъе зобал къазе. Лъадада тІадги ихтияр кьун буго гьезухъе — гьеб биялде сверизабизе; гьединго ихтияр кьун буго гьезие бокьанщинахъе ракьалда балагьалъул цІал кьабизе.</verse>
				<verse number="7">Гьев кІиявго нугІас Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабун бахъараб мехалда, тІину гьечІеб кІкІалахъан тІаде бачІунеб жанавар гьезда данде багъила; гьелъ гьел къезарила ва чІвала.</verse>
				<verse number="8">Содомлъунги Мисрилъунги лъугьараблъун рикІкІине бегьулеб гьеб кІудияб шагьаралъул къватІазде рехун хутІила гьезул жаназаби. Гьеб шагьаралдайин гьезул ТІадегІанав хъанчида вигъун вукІарав.</verse>
				<verse number="9">Лъабгогун бащдаб сордо-къоялъ гьезул жаназабазухъ ралагьун рукІина батІи-батІиял халкъазул, наслабазул, мацІазул ва миллатазул цо-цо гІадамал, ва гьез гьел жаназаби хабалъ лъезе риччазе гьечІо.</verse>
				<verse number="10">Ракьалда ругелал гьелдаса разилъила, гьез цоцазе рохел гьабила, цоцазе сайигъатал ритІила, щайгурелъул гьев кІиявго аварагас ракьалда ругелазе гІазаб кьолеб букІиндал.</verse>
				<verse number="11">Лъабгогун бащдаб сордо-къо индал, Аллагьасдасан чІаголъиялъул рухІ лъугьана гьев кІиясулъего. ТІаде рорхун рачІун, рахъун чІана гьел, ва гьезухъ ралагьун рукІаразул рекІелъе кутакаб хІинкъи лъугьана.</verse>
				<verse number="12">Зодосан кутакаб гьаракьалъ гьадин ахІулеб рагІана гьев кІиясдаго. «Гьанире тІаде раха!» Жидерго тушбабиги хадур ралагьун, накІкІуда гъорлъан зодире рачун ана гьел.</verse>
				<verse number="13">ГьебсагІатго кутакалда ракь багъарана. Шагьаралъул анцІил бутІа щущан ана, ракь багъариялдалъун хвана анкьазарго чи; чІаго хутІаразги, кутакалда хІинкъун, зобалазул Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.</verse>
				<verse number="14">КІиабилеб балагь тІаса ана, гьале кватІичІого тІаде щолеб буго лъабабилеб балагь.</verse>
				<verse number="15">Ва анкьабилев малаикас ссуралъубе пуна; ва зобалазда кутакал гьаркьал рахъана, гьадин абулеб букІана гьез: «Нилъер БетІергьанас ва гьесул МасихІица дуниялалдаго парччахІлъи гьабулеб буго гьанже. МасихІица парччахІлъи гьабила абадул абадиялъго».</verse>
				<verse number="16">Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна.</verse>
				<verse number="17">Гьез абулеб букІана: «ХІакъав, абадияв ва къудратав БетІергьан, дуе рецц, дуца дурго кІудияб хІалкІолъи бихьизабидал ва парччахІлъи гьабулеб бугелъул.</verse>
				<verse number="18">Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие — аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе — гІисиназеги чІахІиязеги — кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе».</verse>
				<verse number="19">Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="12">
				<verse number="1">Ва зобалазда загьирлъана кІудияб гІаламат — бакъ тІад ретІарай, моцІ хІатІикь бугей чІужугІадан. Гьелъул ботІрода букІана анцІила кІиго цІвайил таж.</verse>
				<verse number="2">Лъимаде йигей гьей, хІарачІваялъул унти захІмалъун, ахІдолей йикІана.</verse>
				<verse number="3">Цоги гІаламат загьирлъана зодиб. Гьале анкьго бетІерги бугеб, анцІго лълъарги бугеб цІакъго кІудияб багІараб аздагьо, гьелъул бутІрузда букІана анкьго таж.</verse>
				<verse number="4">РачІ хьвагІун, гьелъ цІвабзазул лъабил бутІа зодиса ракьалде гъинабуна. Гьабурабго лъимер къулчІизе къачІан, лъимер гьабулей йигей гьей гІадамалда цебе чІана доб аздагьо.</verse>
				<verse number="5">Ва гьелъие гьавуна маххул тІилица киналго халкъал жинца рехъаде рачине ругев вас. Гьелъул гьеб лъимер Аллагьасухъе босун ана, гьесул тахида цебе лъезе.</verse>
				<verse number="6">Гьей гІаданги гІицІаб авлахъалде лъутун ана. Гьениб гьелъие къачІан букІараб бакІалда Аллагьас гьелъул тІалаб гьабила азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ.</verse>
				<verse number="7">Ва зобалазда рагъ ккана — МикагІил ва гьесие мутІигІал малаикзаби аздагьоялда данде рагъулел рукІана, аздагьо ва гьелъие мутІигІал жундул дозда данде рагъулел рукІана.</verse>
				<verse number="8">Амма гьел бергьинчІо, зобалазда тІокІалъ бакІцин хутІичІо гьезие.</verse>
				<verse number="9">Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо — некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ.</verse>
				<verse number="10">Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ.</verse>
				<verse number="11">Гьеб аздагьоялдаса гьел бергьана КьагІрил биялдалъунги ва жидерго нугІлъиялъул рагІудалъунги, щайгурелъул холел ругониги, гьел жидерго гІумруялда барахщинчІелъул.</verse>
				<verse number="12">Гьединлъидал, зобал ва зобалазда ругелщиналги, нужеца рохел гьабе! Амма, ракьги ралъадги, нужедени балагь бачІина, — жиндие дагьаб заман хутІун букІинги лъан, гІасиго ццин бахъун, илбис нужехъе рещтІун бугелъул».</verse>
				<verse number="13">Жиб ракьалде рехараблъи лъайдал, дов вас гьавурай чІужугІаданалда хадуб лъугьана гьеб.</verse>
				<verse number="14">КІудияб цІудул кІиго кваркьи кьун букІана гьей гІаданалъе, гІицІаб авлахъалда гьелъие къачІан букІараб ва аздагьоялъухъе щолареб бакІалде йоржине. Гьениб гьелъул тІалаб гьабила лъабго соналъги анлъго моцІалъги.</verse>
				<verse number="15">Аздагьоялъ жиндирго кІалдисан гьелда хадуб гІор гІадин лъим чвахизабуна, гьеб гІуруца гьей йосун инародайилан.</verse>
				<verse number="16">Амма ракьалъ гьелъие квербакъана; жиндирго кІал рагьун, ракьалъ жанибе къулчІана аздагьоялъ кІалдисан лагІун букІараб гІор.</verse>
				<verse number="17">Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда — дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда — данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="13">
				<verse number="1">Дида бихьана ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІунеб жанавар. Гьелъул букІана анцІго лълъарги анкьго бетІерги. Гьелъул лълъурдузда тІад букІана анцІго таж. БутІрузда хъван рукІана Аллагьасдехун гІасилъи бихьизабулел цІарал.</verse>
				<verse number="2">Гьеб дида бихьараб жанавар цІиркъалда релълъараб букІана; цидул гІадинал квачІалги рукІана гьелъул, гъалбацІалъул гІадинаб кІалги букІана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букІана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги.</verse>
				<verse number="3">Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун.</verse>
				<verse number="4">ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?»</verse>
				<verse number="5">Аллагьасда дандечІарал ва чІухІарал рагІаби абизе кІалги кьун букІана гьелъие ва кІикъоялда кІиго моцІалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букІана.</verse>
				<verse number="6">Аллагьасул цІарги, гьев чІараб бакІги ва зобалазда ругелалги инжит-хІакъир гьарун, гІасиял жал рицине кІал ричІана гьелъ.</verse>
				<verse number="7">Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацІазда ва миллатазда тІад хІалкІолъи кьун букІана гьелъие.</verse>
				<verse number="8">Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе.</verse>
				<verse number="9">ГІундул ругезда рагІизе биччанте:</verse>
				<verse number="10">«Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо». Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан.</verse>
				<verse number="11">Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана.</verse>
				<verse number="12">Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе.</verse>
				<verse number="13">Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана.</verse>
				<verse number="14">Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян.</verse>
				<verse number="15">Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги.</verse>
				<verse number="16">Киналго гІадамазул — гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги — кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ.</verse>
				<verse number="17">Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе.</verse>
				<verse number="18">Гьеб бичІчІизе ккани, гІакълу къваригІуна. ГІакълу бугес, хІисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цІар бихьизабулеб тарих, — гьеб бугелъулха инсанасул цІаралъулги тарих. Гьелъул цІаралъул тарих — 666.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="14">
				<verse number="1">Дун валагьана — гьале Сион магІарда буго КьегІер ва гьелда цадахъ вуго гьелъул цІарги ва гьелъул Инсул цІарги надалда хъварав нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи.</verse>
				<verse number="2">КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда.</verse>
				<verse number="3">Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе.</verse>
				<verse number="4">Гьезул цонигияс чІужу ячинчІо. РацІцІадал ругелъулха гьел! Гьел руго, кибехун гьеб аниги, доб КьагІрида хадур унел гІадамал. Гьел руго цогидал гІадамазда гьоркьоса ричун росарал чагІи. Гьел руго Аллагьасеги КьагІриеги назру гьабураб тІоцебесеб рижилъун лъугьарал гІадамал.</verse>
				<verse number="5">Цониги гьереси инчІо гьезул кІалдиса къватІибе. Аллагьасул рацІцІадал вализаби руго гьел.</verse>
				<verse number="6">Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.</verse>
				<verse number="7">Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!»</verse>
				<verse number="8">Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!»</verse>
				<verse number="9">Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги</verse>
				<verse number="10">гьекъезе буго Аллагьасул тамихІалъул лълъар. Гъорлъе лъим жубачІеб чагъирлъун гьелда жаниб букІина Аллагьасул ццин бахъин. Илагьиял малаикзабаздаги КьагІридаги цебе, цІадулъеги чІабтІилъеги рехун, гьезие гІазаб-гІакъуба гьабила.</verse>
				<verse number="11">Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо».</verse>
				<verse number="12">Аллагьасул халкъалъул сабру букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. Аллагьасул халкъ ккола гьесул амруялги тІуразарулел ва ГІисаде иманги лъурал гІадамал.</verse>
				<verse number="13">Зодисан гьадин ахІулеб гьаракь рагІана дида: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьанжеялдаса хадур холеб мехалдаги ТІадегІанасде иман лъурал гІадамал». ХІакълъунго гьедин бугилан абулеб буго Илагьияб РухІалъ. Жидерго захІматаб хІалтІудаса хадуб гьезие хІалхьи букІина, — жидеца гьарурал гьунаразухъ шапакъат щвезе бугелъулха гьезие.</verse>
				<verse number="14">Дун валагьана — гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ.</verse>
				<verse number="15">Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. НакІкІул парчаялда тІад вугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, лъилъаризе заман щун бугин ракьалда».</verse>
				<verse number="16">НакІкІул парчаялда тІад гІодов чІарас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана ва ракьалда бугебщинаб лъилъана.</verse>
				<verse number="17">Зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. Гьесда кодобги букІана рекІараб нилъ.</verse>
				<verse number="18">Къурбан хъолеб бакІалдасахун вачІана цІадул кверщел бугев цоги малаик, ва доб рекІараб нилъ кодоб ккун бугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, ракьалда рижарал цІолбол хьопал къотІе, гьезда цІибил барщун бугин».</verse>
				<verse number="19">Малаикас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана, ракьалда бугеб цІибил къотІана ва Аллагьасул ццидал кІудияб чаналъубе бана.</verse>
				<verse number="20">Гьеб цІибил мерхьана шагьаралдаса къватІибехун. Ва гьеб чаналъуса къватІибе чвахун бачІараб бидул цІуна лъабнусго километралда тІолабго сверухълъи, чу тІерхьунеб гІадаб хІор лъугьана гьениб.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="15">
				<verse number="1">Цинги дида зодиб бихьана цоги цІакъго кІудияб ва хІикматаб гІаламат — ахирисеб анкьго балагьги босун вачІунев вукІана анкьго малаик. Гьел ахирисел рукІана, щайгурелъул гьелдалъун лъугІулеб букІиндал Аллагьасул ццин бахъин.</verse>
				<verse number="2">Дида бихьана жаниб цІа рекІараб цІорол ралъадалда релълъараб бакІ. Жанаваралдаса, гьелъул сураталдаса ва гьелъул цІар бихьизабулеб тарихалдасаги бергьарал гІадамал, Аллагьасе рецц гьабулел арфабиги кодор ккун, гьеб цІорол ралъдада аскІор чІун рукІана.</verse>
				<verse number="3">Гьез ахІулеб букІана Аллагьасул лагъ Мусал кечІ ва КьагІрил кечІ: «ХІалкІолъи кІудияв БетІергьан Аллагь, гІажаибал ва чІахІиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахІ, гьел дур нухал ритІухъалги руго, хІакъалги руго!</verse>
				<verse number="4">Я, БетІергьан, дур цІаралъукьа щив хІинкъуларев? Ва гьелъие рецц гьабуларевги щив вугев? Мун гІадин вацІцІадав цогиги гьечІо. Ва дур судалъул хІукмаби загьирлъидал, киналго халкъал рачІун, гьабила дуе сужда!»</verse>
				<verse number="5">Цинги дун валагьана, ва дир беразе зодиб загьирлъана Аллагьасул кІалгІа, гьелъул нуцІа рагьун бугоан. Аллагь жанив вукІиналъул гІаламатлъун кколеб чадирги букІана гьениб.</verse>
				<verse number="6">Анкьго балагьги босун, гьеб кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана анкьго малаик. Гьезда букІана бацІцІадаб ва кенчІолеб ретІел, карандасан борчун букІана меседил рачел.</verse>
				<verse number="7">Цинги доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ анкьавго малаикасухъе кьуна абадияв-даимав Аллагьасул ццидал цІураб анкьго меседил щурун.</verse>
				<verse number="8">Аллагьасул къудраталъулги хІалкІолъиялъулги кІкІуйдул цІуна гьеб кІалгІа. Анкьго малаикасухъ бугеб анкьго балагь лъугІизегІан, лъиданиги кІвечІо гьеб кІалгІаялъуве лъугьине.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="16">
				<verse number="1">Дида рагІана гьеб кІалгІаялъусан кутакаб гьаракьалдалъун гьев анкьавго малаикасда абулеб: «Инеги ун, нужеца ракьалде чвалхе гьеб анкьабго щуруналъуб бугеб Аллагьасул ццин».</verse>
				<verse number="2">Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал.</verse>
				<verse number="3">КІиабилев малаикас жиндирго щурун ралъдалъе чвалхана: чІварав чиясул гІадинаб биялде сверана ралъад, ва гьениб бугеб кинабго рухІчІаголъи хвана.</verse>
				<verse number="4">Лъабабилев малаикас жиндирго щурун гІораздеги лъадал иццаздеги чвалхана: гьелги биялде сверана.</verse>
				<verse number="5">Ва лъадал малаикас абулеб рагІана дида: «Гьаб дур суд ритІухъаб буго, абадияв-даимав вацІцІадав Аллагь!</verse>
				<verse number="6">Вализабазулги аварагзабазулги би гІодобе тІуралъухъ, дуца гьезда би гьекъезабуна. ЦІакъ битІун ккана гьезие гьеб!»</verse>
				<verse number="7">Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!»</verse>
				<verse number="8">Ункъабилев малаикас жиндирго щурун бакъуде чвалхана. Ва гІадамал цІадуца рухІизаризе ихтияр кьуна бакъуе.</verse>
				<verse number="9">ГІасияб бухІи-гьелегьиналъул гІазабалъукь рукІана гІадамал. Ва гьез нагІана кьолеб букІана киналго гьел балагьал жинда кодор ругев Аллагьасул цІаралъе. Амма тавбу гьабичІо гьез, ва Аллагьасе рецц гьабизеги кантІичІо.</verse>
				<verse number="10">Щуабилев малаикас жиндирго щурун чвалхана жанаваралъул тахиде. БецІлъукье ккана гьелъул парччахІлъи, ва унти-гІазабалъул хІал цІикІкІиналъ, жидерго мацІал хІанчІулел рукІана гІадамаз.</verse>
				<verse number="11">Гьел жидеда тІаде щварал гІазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагІана кьолеб букІана гьез, амма жидер ишаздаса рекІекълъичІо, тавбуги гьабичІо.</verse>
				<verse number="12">Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кІудияб гІурулъе чвалхана, ва гьеб гІурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахІзабазе нухги рагьана.</verse>
				<verse number="13">Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб.</verse>
				<verse number="14">Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе.</verse>
				<verse number="15">ТІадегІанас абулеб буго: «Гьале дун цІогьор гІадин вачІунев вуго. Гьардарав гуревдай тІад ретІелги ретІухъе ворчІуда чІарав чи: гьев толохІочго хьвадизе ккеларо ва гІадамаздаса намуслъичІого хутІила».</verse>
				<verse number="16">Гьел жундуз парччахІзабазул боял данде ракІарана жугьутІазул мацІалда Гьармагеддон абулеб бакІалде.</verse>
				<verse number="17">Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» — ян абулеб рагІана дида.</verse>
				<verse number="18">Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь.</verse>
				<verse number="19">КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун.</verse>
				<verse number="20">Ва киналго чІинкІиллъаби лъутун ана, ва мугІрулги ратичІо.</verse>
				<verse number="21">Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="17">
				<verse number="1">Анкьго щурун кодоб бугев анкьго малаикасдасан цояс, дида аскІовеги вачІун абуна: «Вилълъа, дица дуда бихьизабила чІахІиял гІоразда тІад гІодой чІарай кІудияй хъахІбаялъе судалъ къотІараб хІукму.</verse>
				<verse number="2">Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ».</verse>
				<verse number="3">Илагьияб РухІалъ асар гьабидал, дида дунго вихьана малаикас гІицІаб авлахъалде щвезавурав гІадин. Гьений ятана бецІбагІараб жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан. Аллагьасде гІасилъи загьир гьабулел цІаразул цІун букІана гьеб жанавар; анкьго бетІерги букІана гьелъул, анцІго лълъарги букІана.</verse>
				<verse number="4">Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун.</verse>
				<verse number="5">Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар — КІудияб Вавилон шагьар — хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун.</verse>
				<verse number="6">ГІисаде иман лъуразул — гьесие нугІлъи гьабуразул — биялъ мехтун йихьана гьей гІадан дида, ва гьей йихьарайго дун кутакалда хІикмалъана.</verse>
				<verse number="7">Ва малаикас абуна: «Щай мун хІикмалъарав? Гьай гІаданалъулги ва гьай тІад рекІараб анкьго бетІерги анцІго лълъарги бугеб жанаваралъулги балъголъи рагьила дица дуе.</verse>
				<verse number="8">Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал.</verse>
				<verse number="9">Гьеб бичІчІизе лъай-гІакълу хІажалъула. Анкьабго бетІер ккола гьей чІужугІадан тІад чІараб анкьго гохІ.</verse>
				<verse number="10">Гьединго анкьго парччахІги ккола — гьезул щугояв хвана, цояв чІаго вуго ва цояв жеги вачІинчІо; вачІараб мехалдаги гьев гІемер заманалъ хутІиларо.</verse>
				<verse number="11">Дов анкьавго парччахІасда гьоркьоса цояв вугониги, микьабилев парччахІ ккола гьев. Хвалде данде ина гьевги.</verse>
				<verse number="12">Дуда бихьараб анцІабго лълъарги ккола жеги парччахІлъи щвечІев, амма жанаваралда цадахъ цо сагІаталъул болжалалда парччахІлъи щвезе бугев анцІго парччахІ.</verse>
				<verse number="13">Гьезул букІина цого мурад-къасд, ва жидерго къуватги къудратги гьез жанаваралъе кьела.</verse>
				<verse number="14">КьагІрида данде рагъизе руго гьел, амма КьегІер гьездаса бергьина, гьеб КьегІер бугелъул тІадегІаназулги ТІадегІанаб ва парччахІзабазулги ПарччахІ. Гьелда цадахъ рукІина ахІун рачІаралги, тІаса рищаралги, рекІелъ божи бугелги».</verse>
				<verse number="15">Гьев малаикас дида абуна: «ХъахІба тІад чІун дуда рихьарал гІорал ккола халкъалги, руккелалги, миллаталги, мацІалги.</verse>
				<verse number="16">Дуда бихьараб жанаваралдаги анцІабго лълъаралдаги гьей хъахІба цІакъ рихине йиго: гьез гьей тІутІун яла, тІад ретІел гьечІого гІицІго хутІизайила, гьелъул гьан кванала ва цІадаеги рехун юхІила.</verse>
				<verse number="17">Жиндирго хІукму билълъанхъизабиялъе Аллагьас гьел гІадамазул рекІелъе лъугьинабуна киналго цолъун мурад тІубазабизе нигат. Гьезги жидерго кверщел гьеб жанаваралъухъе кьуна, — Аллагьасул рагІаби тІуразегІан заманалда.</verse>
				<verse number="18">Дуда йихьарай чІужугІаданги ккола дуниялалъул парччахІзабазда тІад кверщел жиндихъ бугеб кІудияб шагьар».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="18">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтІунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кІудияб ихтияр, ва гьесдасан бачІараб нуралъ гвангъун букІана ракь.</verse>
				<verse number="2">Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб.</verse>
				<verse number="3">Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин».</verse>
				<verse number="4">Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун.</verse>
				<verse number="5">Гьелъул мунагьазул гьиразул гохІ зодибе гІунтІун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракІалде щун ругелъул!</verse>
				<verse number="6">Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие.</verse>
				<verse number="7">Гьелъ жиндиего гьабулеб букІараб рецц-бакъалдаги тІалаб гьабулеб букІараб хІарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гІазаб-гІакъубаги къварилъиги рещтІинабе гьелда тІаде. Жий парччахІ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чІегІерги баларин гьелда ракІалде ккедал,</verse>
				<verse number="8">цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей!</verse>
				<verse number="9">Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьидал гІодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахІбалъиялдаги хІарамаб гьарзалъиялдаги рукІарал дуниялалъул парччахІзаби.</verse>
				<verse number="10">Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон — кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, — ян абила гьез.</verse>
				<verse number="11">Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечІелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магІу гьабун гІодулел руго.</verse>
				<verse number="12">„Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи,</verse>
				<verse number="13">гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чІегІербоцІи, гІи-цІцІани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гІадамал.</verse>
				<verse number="14">Дуда кодоса ана дур рекІее рокьулел рукІарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечІо“.</verse>
				<verse number="15">Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила.</verse>
				<verse number="16">„Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар!</verse>
				<verse number="17">ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, — абун магІу гьабила гьез. Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана.</verse>
				<verse number="18">Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьун: „Гьададинаб кІудияб шагьар киданиги кибниги букІанадай!“ — абун ахІдана гьел.</verse>
				<verse number="19">БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“.</verse>
				<verse number="20">Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, — гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги».</verse>
				<verse number="21">Цо къуватав малаикас кодобе босана кІудияб гьобо гІадинаб гьецІо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кІудияб шагьар Вавилон. Ва тІокІаб букІинаро гьеб.</verse>
				<verse number="22">Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб.</verse>
				<verse number="23">Дур чирахъазул канлъул кунчІиги чІваларо тІокІаб, бахІарасулги бахІаралъулги накъитги рагІиларо тІокІаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тІад къадруял чагІи рукІиндал ва дур сихІру-хІиллаялъ тІолалго халкъалги къосинарун рукІиндал, ккела гьеб гьедин.</verse>
				<verse number="24">Гьеб шагьаралда тІад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чІваралщиназулги бидул хІакъ».</verse>
			</chapter>
			<chapter number="19">
				<verse number="1">Гьелдаса хадуб кІудияб руккелалъул гІадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цІар-реццги, къудратги,</verse>
				<verse number="2">гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!»</verse>
				<verse number="3">Цоги нухалъ ахІулеб рагІана: «Гьаллелуя! Гьелъул кІкІуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» — ян.</verse>
				<verse number="4">Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» — ян.</verse>
				<verse number="5">Тах бугеб рахъалдасан цо гьаракьалъ ахІулеб рагІана: «Гьесул киналго лагъзадерица, гьесукьа хІинкъулелщиназ — гІисиназги чІахІиязги — рецц гьабе нилъер Аллагьасе!» — ян.</verse>
				<verse number="6">КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул!</verse>
				<verse number="7">Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!»</verse>
				<verse number="8">Гвангъараб ва бацІцІадаб тІеренаб дарайдул ретІел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритІухъал ишал.)</verse>
				<verse number="9">Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб КьагІрил берталъе ахІарал гІадамал», — ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хІакъаб рагІи!» — ян.</verse>
				<verse number="10">Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»</verse>
				<verse number="11">Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи.</verse>
				<verse number="12">ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда.</verse>
				<verse number="13">Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги — Аллагьасул рагІи.</verse>
				<verse number="14">ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел.</verse>
				<verse number="15">Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес.</verse>
				<verse number="16">Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», — абун цІар хъван буго.</verse>
				<verse number="17">Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ:</verse>
				<verse number="18">парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги — гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» — ян.</verse>
				<verse number="19">Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги.</verse>
				<verse number="20">Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире.</verse>
				<verse number="21">Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="20">
				<verse number="1">Дида вихьана зодисан рещтІунев цо малаик; гьесухъ букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе бугеб нуцІил кІулги кІудияб рахасги.</verse>
				<verse number="2">Илбислъунги шайтІанлъунги кколеб аздагьо — некІсияб борохь, — кквезеги ккун, рахсида бухьана гьес, азарго соналъ гьелдаса борчІилареб куцалъ.</verse>
				<verse number="3">Азарго соналъ халкъал къосинаричІого теледухъ, нуцІаги рахан, гьелда мугьруги чІван, кІкІалахъе рехана малаикас гьеб. Цинги гьеб дагьабго заманаялъ рахсидаса бичун биччазе буго.</verse>
				<verse number="4">Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.</verse>
				<verse number="5">Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо.</verse>
				<verse number="6">Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез.</verse>
				<verse number="7">Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватІибе биччала.</verse>
				<verse number="8">Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гІажуж-мажужалъул боял данде ракІарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагІалда салигІанги гІемер рукІина гьел.</verse>
				<verse number="9">ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел.</verse>
				<verse number="10">Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.</verse>
				<verse number="11">Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо.</verse>
				<verse number="12">Ва дида рихьана хварал чагІи — гІисиналги чІахІиялги — тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун — гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд.</verse>
				<verse number="13">Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна.</verse>
				<verse number="14">Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел.</verse>
				<verse number="15">ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="21">
				<verse number="1">Цинги дида бихьана цІияб зобги цІияб ракьги. Цевехун букІараб зобги ракьги тІагІун буго, ралъадги гьечІо гьанже.</verse>
				<verse number="2">Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар — зодисан Аллагьас рещтІинабулеб цІияб Иерусалим. БахІарасда аскІое уней бахІарай кинигин къачІан букІана гьеб.</verse>
				<verse number="3">Кутакаб гьаракьалдалъун тахидасан абулеб рагІана дида: «Гьале гІадамазулалда аскІоб бугеб Аллагьасул чадир. Гьенив гьезда цадахъ вукІине вуго Аллагь. Гьел лъугьине руго гьесул халкълъун, ва живго гьев Аллагьги гьезда аскІов вукІине вуго.</verse>
				<verse number="4">Аллагьас гьезул бадиса магІил щибаб горо бацІцІина, ва хвелги тІокІаб букІинаро. Цебехун букІарабщинаб лъугІун-тІагІун индал, тІокІаб букІинаро я гІоди, я унти».</verse>
				<verse number="5">Тахида гІодов чІарас абуна: «Гьале дица кинабго цІидасан бижизабулеб буго», — ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай — хІакъал ва ритІухъал рагІаби руго гьел».</verse>
				<verse number="6">Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим».</verse>
				<verse number="7">Бергьарасе гьеб кинабго насиблъила. Дун гьесул Аллагьлъун вукІина, гьевги дие васлъун вукІина.</verse>
				<verse number="8">Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.</verse>
				<verse number="9">Ахирисеб анкьго балагьалъул цІураб анкьго щурун кодобе кьурав анкьго малаикасул цояс, аскІовеги вачІун, дида абуна: «Вилълъа, дуда дица йихьизайила КьагІрил лъадилъун лъугьине йигей бахІарай».</verse>
				<verse number="10">Илагьияб РухІалъ асар гьабун дида цебе чІана гьадинаб сурат. Гьале цо борхатаб магІарде вачун, малаикас дида бихьизабуна мукъадасаб шагьар — зодисан Аллагьас рещтІинабулеб Иерусалим.</verse>
				<verse number="11">Аллагьасул нур чІун букІана гьелда тІад; жавгьар-якъут гІадин ва бацІцІадаб яшма гІадин кенчІелеб букІана гьеб.</verse>
				<verse number="12">Шагьаралда сверухъ букІана кІудияб ва борхатаб къед. АнцІила кІиго кавуги букІана гьеб къадалъ. Ва гьел кавабазухъ чІун анцІила кІиго малаикги вукІана. Кавабазда хъван букІана Исраилил васаздасан лъугьараб анцІила кІиго наслуялъул цІар.</verse>
				<verse number="13">Бакъбаккудасахун букІана лъабго каву, севералъул рахъалдасан — лъабго, къирбалалдасахун — лъабго ва бакътІерхьул рахъалдасан лъабго каву букІана.</verse>
				<verse number="14">Къадал кьучІ щулалъизе гьабун букІана анцІила кІиго сангар, гьездаги хъван букІана КьагІрил анцІила кІиго чапарасул цІар.</verse>
				<verse number="15">Диргун накъит гьабулев вукІарасухъ букІана гьеб шагьарги, гьелъул кавабиги, къадалги рорцине меседил тІил.</verse>
				<verse number="16">ГІеблъиги халалъиги бащадаб, ункъбокІонаб шагьар буго гьеб. Доб тІилалъ борциндал, гьеб шагьаралъул халалъиялда гьесда батана кІиазарго километр; халалъиги, гІеблъиги, борхалъиги цого букІана.</verse>
				<verse number="17">Къадал борхалъиялда батана нусиялда кІикъоялда ункъо натІ. Гьедин гІадамазулго гІадаб роцадалъун борцана малаикасги гьеб.</verse>
				<verse number="18">Къед гьабун бугоан яшмаялъул, шагьар букІана бацІцІадаб меседил гьабураб ва цІергІанги бацІцІадаб.</verse>
				<verse number="19">Къадалъ бакІ-бакІалда кьочІое лъун рукІана батІи-батІиял хириял ганчІал: тІоцебесеб кьочІое — яшма, кІиабилелъе — сапфир, лъабабилелъе — халцедон, ункъабилелъе — изумруд,</verse>
				<verse number="20">щуабилелъе — сардоникс, анлъабилелъе — сердолик, анкьабилелъе — хризолит, микьабилелъе — берилл, ичІабилелъе — топаз, анцІабилелъе — хризопрас, анцІила цоабилелъе — гиацинт ва анцІила кІиабилеб кьочІое лъун букІана аметист.</verse>
				<verse number="21">АнцІила кІиябго каву — анцІила кІиго къиматаб маргъал. Щибаб каву гьабун букІана цохІо маргъалалъул. Шагьаралъул аслияб къватІ букІана цІорода гъорлъан кинигин гьоркьосан канлъи бихьулеб бацІцІадаб меседил.</verse>
				<verse number="22">ГІибадат гьабизе гІадамал данделъулеб бакІ цониги бихьичІо дида гьениб. Гьеб тІолабго шагьар бугелъулха Живго Къудратав БетІергьан Аллагьги КьегІерги чІараб мукъадасаб рукъ!</verse>
				<verse number="23">Гьеб шагьаралъе канлъи кьезе я бакъ, я моцІ хІажалъулеб букІинчІо. Аллагьасул нуралъул букІиндалха гьениб канлъи! Гьелъул чирахъ ккола КьегІер.</verse>
				<verse number="24">Гьеб канлъухъе хьвадизе руго халкъал; дуниялалъул парччахІзабазги жидерго бечелъи кьезе буго гьеб шагьаралъе.</verse>
				<verse number="25">Къад-къад гьелъул каваби киданиги къаларо, сардалги гьенир рукІинего рукІунаро.</verse>
				<verse number="26">Халкъазги гьеб шагьаралъе кьела жидерго бечелъиги къиматабщинабги.</verse>
				<verse number="27">Хъублъи киданиги лъугьине гьечІо гьенибе. Инжитабщинабги гьересиябщинабги жинца гьабулев чиги гьеб шагьаралда жаниве лъугьинаро. Лъугьина КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда жидер цІар хъванщинал.</verse>
			</chapter>
			<chapter number="22">
				<verse number="1">Гьес дида бихьизабуна маулхІаяталъул лъадал гІор. БацІцІадаб цІер гІадаб гьеб гІор чвахун бачІунеб букІана Аллагьасулги КьагІрилги тахида цебесан.</verse>
				<verse number="2">Шагьаралъул къватІ кІийиде бикьизабун чвахулеб букІана гьеб. ГІумруялъул гъотІол — анцІила кІиго нухалъ жинца пихъ кьолеб ва щибаб моцІалъ тІад пихъги бижулеб гъотІол гІаркьалаби гІунтІун ругоан гІурул кІиябго рагІалалде. Гьеб гъотІол тІамахги халкъазе дару буго.</verse>
				<verse number="3">Гьеб шагьаралда тІокІаб киданиги хІарамаб жо букІинаро. Гьениб букІина Аллагьасулги КьагІрилги тах, ва жиндирго лагъзадерица гьесие хъулухъги гьабила.</verse>
				<verse number="4">Гьезда гьесул гьумер бихьила, ва гьезул надалдаги лъугьина гьесул цІаралъул гІуж.</verse>
				<verse number="5">Сордо гьениб тІокІаб киданиги букІине гьечІо; БетІергьан Аллагьас жиндирго нуралдалъун кьела гьезие канлъи, ва абадул абадиялъго парччахІлъиги гьабила гьез.</verse>
				<verse number="6">Гьес дида абуна: «Гьал рагІаби ритІухъал ва хІакъал руго. Илагьияб РухІ аварагзабазухъе рещтІинабулев БетІергьан Аллагьас чапар витІана кватІичІого ккезе бугебщинаб жиндирго лагъзадерида бихьизабизе».</verse>
				<verse number="7">«Гьале кватІичІого тІаде щвела!» — ян абуна МасихІица. Гьардарав гуревдай хадубккун лъугьине бугебилан гьаб тІехьалда хъварал рагІаби рехун течІев чи.</verse>
				<verse number="8">Дида — Иоаннида — бихьана ва рагІана гьеб кинабго. Гьеб бихьараб ва рагІараб мехалда дун кІалагъоркье ккана дида гьеб бихьизабурав малаикасул хІатІазда цеве. Дица гьесие сужда гьабизехъин букІана.</verse>
				<verse number="9">Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! Дурги, дур вацал — аварагзабазулги, гьаб тІехьалъул рагІаби рехун течІелщиназулги гьалмагъ вуго дун. ЦохІо Аллагьасе гьабе сужда».</verse>
				<verse number="10">Цинги гьес абуна: «Болжал тІаде щолеб бугебин, воре, хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІаби рахчун тоге.</verse>
				<verse number="11">Квешав цевего гІадин квешлъи гьабулев вукІаян абе, хъубавги хъублъи гьабулев вукІаян абе, ритІухъавги ритІухъабщинаб гьабулев вукІаян абе ва вацІцІадавги цевего гІадин бацІцІадабщинаб гьабулев вукІаян абе.</verse>
				<verse number="12">Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат.</verse>
				<verse number="13">Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги!</verse>
				<verse number="14">Гьардарал гурелдай гІумруялъул гъотІодаса пихъ кваназейилан ва шагьаралда жанире кавудухъан лъугьинейилан ретІел чурун бацІцІад гьабурал гІадамал.</verse>
				<verse number="15">КъватІирехун руго гьабиги, сихІручагІиги, хъахІбабиги, чІвадарухъабиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулелщиналги, гьереси бокьулелщиналги, гьересиябщинаб жидеца гьабулелги.</verse>
				<verse number="16">Дица — ГІисаца — дирго чапар витІана нужехъе, — гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва».</verse>
				<verse number="17">Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» — ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.</verse>
				<verse number="18">Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазухъ гІенеккун ругезда лъазабун толеб буго — гьел рагІабазда тІаде лъицаниги щибниги жубани, гьесда тІаде Аллагьасги журала гьаб тІехьалда рехсарал балагьалги гІазабалги.</verse>
				<verse number="19">Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, — гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.</verse>
				<verse number="20">Гьел рагІаби ритІухъ гьарулев МасихІица абулеб буго: «БитІараб буго. Дун хехго вачІина!» — ян. Амин! ВачІа, ТІадегІанав ГІиса!</verse>
				<verse number="21">Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги киназдаго! Амин!</verse>
			</chapter>
		</book>
	</testament>
</bible>